Сборник юмористических рассказов На аварском языке

Салих Салихов 2
                Сборник юмористических рассказов
                (На аварском языке)

Доктор Ватсонил инсуца ражи ч1араб куц
 
«Бахьикъосалде»  г1емер хъвадарулев вихьула гьав «Доктор Ватсон» цогидазул жал рицун. Жиндирго мунагьал чураяв инсул ккараб жо щай гьес бицунареб?
  «Доктор Ватсонил» эмен Г1умарасх1абил хур бук1ана г1адамал г1емер хьвадулеб нухлул раг1алда. Щивав нухмалъулесул салам буссинабизеги гьезул суалазе жавабал кьезеги колел рук1ун, Гумарасх1абил х1алт1и цебехун турк1улеб бук1ун гьеч1о. Ахирги цин бахъарав гьес ч1ужу йит1ун йиго рокъоса хъорщол кесекги щахъи-къаланги босизе. Хъорщол к1иябго рахъалда Г1умарасх1абица хъван буго «Ваг1алайкумсалам, дунги квеш гьеч1о, гьале ражи ч1олев вугоха», - ян ва гьеб щула гьабун буго нухлул бакьулъ.
  Гьедин нухлулазул к1алалги ч1езарун, хуриб ражи бекьиялъул х1алт1и ахирги раг1алде бахъинабун буго гьес.
               

Партиялъул цо-цо пайдаги камулароан

Калининаулалдаса Мах1ач жиндирго цо хъулухъалъ райцентралде Дилималде уна. Гьенив цоязулгун къец ккун, хабар кьог1лъун кьабг1езе кола. Жив бергьунареблъи бич1ч1арав Мах1ач цо лъик1аб х1алалъ гьезул цоясда зарги щвезабун гьениса лъутун унев вук1ана. «Гьев хъах1аб горде рет1арав ккве»янги ах1долаго г1олохъаби гьесда хадур лъугьуна. Мах1ач вихич1огон жиндаго цере ругел г1адамазде ах1дола, цебехун килищги бит1ун, « доле доб хъач1аб горде рет1арав ккве»-ян, живгоги гъол хадур лъугьунел г1олохъабигун цадахъ вугин ккезе. Гьедин, щив кквезе кколевали лъач1огон рихха-хочарал г1адамал рек1еда ратилелде, Мах1ач цебе батараб КПССалъул райкомалъул минаялде жаниве к1анц1ула. Щиб ккарабан гьениб ц1ех-рех гьабулаго, «Валлагь кканаха цо к1алъай г1олохъабазулгун, гьез бицараб квешабщинаб жоги х1ехьана, хадуб эбелалде абурабги хьехьана, амма партиялде чорокаб раг1и абидал гьеб х1ехьезе к1веч1о ва гьел г1олохъабигун кьабезе ккана г1агараб партиялъе г1оло»,-ян жаваб кьола Мах1ачица.
  Гьес бицаралда божун, партиялъул х1алт1ухъабаз Мах1ач хадур рач1унезул ццидадаса ц1унула.
Гьедин цо-цо пайдаги камулароан партиялъул.
                28 апрель 2001 с 


Дун гъоркье решт1инег1ан машина лъалхъизабе

Цо нухалъ машинаги бачун райцентралде унев колхозалъул шофёр Ах1мадпашагун кабинаялъув вук1ана Гьарун абурав чи. Хехго нахъа толеб бугеб нухда бералги лъун г1одобиччараб харбида рук1ана гьал. Киг1анго махщел ц1ик1к1араб бук1аниги т1ад вугес  хъвараб жоялдаса ворч1изеги к1веч1ого, нухлул цо квег1аб бак1алдаса гьазул машина бегизе лъугьана. Цоц1ул хьибил хисун, к1иабизеги хьибилалдехун ч1валеб мехалъ виххарав Гьаруница ах1мадпашаде ах1ун буго: «Ле, цо дун гъоркье лъуг1инег1ан лъалхъизабе гьаб машина»,- ян.
Х1асил, гьев к1иявго больницаялде ккана. Шофёр Ах1мадпаша лъик1го тунка-х1усун вук1ана, лугбазул бека-тараб бак1цин бук1ана. Амма зама-заманаялде унтиги к1очон гьев чехьги ккун велъулаан машина бегулеб мехалъ Гьаруница абурал раг1абиги рак1алде щун.
               
               

Г1исалги Мусалги как бай

Армиялдаса т1адруссун рач1индал кутакалда как-к1алалда т1ад ч1ун рук1ана вацг1алзаби Г1исаги Мусаги. Цо къоялъ какал ралел рук1аго, Мусал бер реч1ч1ула Г1исал х1ат1азда. Сундул пикрабазда вук1аравали лъаларо, Г1исаца как балеб батула т1ад хьиталги рет1ун. Гьелда тамашалъи гьабурав Мусада релъи кквезе к1оларо ва, какги биххун, Г1исада гьесул гъалат1 бихьизабизе лъугьуна. Мусае къвариг1араб жо кинго бич1ч1ич1еб мехалда как биххула Г1исацаги ва хадуб гурони баянлъуларо живго т1ад хьиталгун как балев вук1араблъи.
               
Росасе хилиплъи

Росасда йигей ч1ужу цогиявгун хьвадулей ятун, к1удияб ах1и-х1ур ккана росулъ. Гьеб лъугьа-бахъиналда т1асан г1адамаз бицунеб жоялъул х1алуцин чучлъарабго, росас гьикъун буго лъадуда, щай дуца гьединаб жо гьабурабилан. Талих1 кьегийин, цого жо г1емер бицинч1огон вуц1ц1ун ч1айин, гьадингоги бет1ер унтун йигин дуниланги абун, росасул к1варго гьабич1ого, цояб рокъоеги ун кьижизе егун йиго ч1ужуги. Гьел рос- лъади жеги цадахъ ва щибго ккеч1еб г1адин гьуинго берцинго руго.

Рух1изе ккола

Алмахъалдаса Салал Г1исаца квешал г1адамазул бицунеб мехалъ абула гьел рух1изе кколилан, амма гьеб «рух1и» абураб раг1улъ «у» х1арпги хисизабун.

Р Х1амзатовасул  ирсилал

Москваялда гъалмагъир гьабулаго милициялде ккун руго Г1абдуразакъги гьесул гьалмагъги. Гьел Дагъистаналдаса рук1ин лъайдал милициялъул капитанас гьезда ц1ехон буго нужеда Расул Х1амзатов лъалевищилан. Щайин лъаларев дир инсул вацг1ал кколинха гьевилан жаваб кьун буго Г1абдуразакъицаги. К1удияв шаг1ирасул поклонник вук1арав куцха капитан, гьес паспортазухъги балагьун, нахъеги нилъеразда ц1ехон буго гьев Хунзахъа, нуж бат1ияб районалдаса щайинха кколелилан. Гьанже гьесул г1агарлъи т1олабго Дагъистаналдаго т1ибит1ун бугилан жаваб кьун буго Г1абдуразакъицаги. Къокъго абуни капитанас Расулие г1оло гьел къват1ире риччан руго ва гьарун буго Х1амзатовасда жиндир салам бицейиланги.
               

Щивго к1очон гьеч1о…

Вперёд за Родину товарищ Магомедов

К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Мух1амадовасе г1емер бокьула рагъда бихьа-таралъул бицине. Г1езег1ан г1акъуба-г1азаб х1ехьезе ккарав гьев ах1ула бат1и-бат1иял данделъабаздеги ва т1амула доб г1ассияб рагъул х1акъикъат рак1алде щвезабизе. Гьедин хабар бицунаго, ахиралде щолебг1адаб мехалъ гьес кидаго т1аде журала гьадинал раг1аби: «Бит1ун цо гьужумалъ инее х1адурлъулаго цояс нахъасан гъажалда кверги лъун абунила «Вперёд за Родину товарищ Магомедов» абун. Нахъехун вуссун балагьидал, нуж божиларила, нахъа ч1ун ватанила живго Сталин». Чанго рагъул зах1малъаби рихьарав гьесул, гьал ахиралда т1аде журарал раг1абаз кинабго хвезабулаан.
               

Унтун школалде инч1ей ясалъухъ бахъараб г1ак1а

Хъаранай росулъ г1урав Пайзудиница бицараб лъугьа бахъин (ц1арал хисизарун руго)

Г1умарил яс унтун школалде инч1огн рокъой хут1ула. К1иабилеб къоялъ эбел-эмен хуриреги ун, рокъой жийго егун йигей Аминатида раг1ула болъодасан рукъ гьаргьазабулел галабиги т1амулаго вач1унев чиясул гьаракь. Гьелъ х1инкъиялъ нахъасахун нуц1а рахала. Къват1исан нуц1а бухула. Рагьич1еб мехалъ малги бан гьебги бекун, жаниве вач1уна сельсоветалъул цо залимав х1алт1ухъан. Сог1го унтаралдеги к1алъан, рокъов хъирщадула ва щибниги батич1ого, цох1о къеда бараб, анкьумумухъа щвараб басриябго халича бахъун, гурун, гъежде гьебги рехун Г1умарил рокъоса къват1иве унев вук1ана гьев.
   Болъодаса гъоркье решт1унев Хъабуян т1ок1ц1ар бугев гьев сельсоветалъуласда гьанжего гьанже шагьаралдаса ц1алунги лъугьун, школалда учительлъун х1алт1улев вугев Г1умарил к1удияв вас, Пайзудин данд ч1вала. Щиб кинали бич11ч1арав гьав Хъабуде данде ч1ола ва жинда законги лъик1 лъалин, унтарай жиндир яц унгурт1иялъул г1айиб я гьелда, я жидеда гьеч1еблъи бич1ч1изабизе лъугьуна. Амма Хъабуца тункун болъодаса гиризавун вуго г1ит1инав г1олохъанчи Пайзудин ва жиндирго каранда зарги тунк-тункун абун буго, закон дун вугилан. Киг1ан къеркьаниги халича борч1изабизе к1веч1о Пайзудинида, гьеб Аминат школалде инч1ого хут1араб к1иго къоялъухъ т1ад лъураб г1ак1адухъ сельсоветалде босун ана бак1алъулаб законалъул вакил Хъабуца.
               
               

Капурчияс гьабураб т1аг1ел х1алт1изабизе бегьуларо

Алмахъалдаса Давудх1ажи вук1ана г1емерал бак1азде щварав, дуниял бихьарав, ц1одорав г1акъилав чи. Г1емер щун вуго гьев доб  Ник1алайил заманаялъ Аштарханалде, Хъазаналде ва цогидал шагьаразде. Гьедин араб мехалъ цо сапаралдаса гьес бач1ун бук1ун буго, г1урус ракьалда, заводалда гьабураб харицел.
  Къебедас чаран бухун гьарурал бак1ал харицелалги «Ник1алайил» узданаб, т1адагьаб харицелги данде ккун, тамашалъарал г1адамал ун руго цо ц1аларав чиясухъе, гьеб бихьизабизе. Амма гьес абун буго капурчияс гьабураб харицелалъ хер бецизе бегьуларилан. Гьедин жеги г1езег1ан соназ, жидерго черхги ч1ван, къебедас гьарурал харицелаз рецаризе ккун руго г1адамал.
  Гьединго Давудх1ажица бач1ун бук1ун буго росулъе т1оцебе оцазда ялъуни чуязда нахъа балеб маххул кутанги. Амма гьебги гьукъун буго довго чияс. Гьединлъидал Г1емераб заманаялъ цебего г1адин ракь бекьулеб бук1ун буго ц1улал пурцаз. Гьеб пуруцалъул т1огьиб къазабулеб гьит1инаб маххул алат гьабулеб бук1ун буго къебедас.
 

               
 

Т1ок1ал инаро, эбел, нилъ росасе

Росги хун, цо к1удияв г1олев вугев васгун хут1арай къоролай, ц1идасан росасе уна. Амма гьениб дандеги ккеч1ого ят1алъун г1емер заман инелде гьей цогидасеги уна. Гьев росасулгунги данде ккеч1ого, рукъалдаса йиххун, нахъе уней гьелда, гьеб бихьанщинаб  жо бак1лъарав васас абун буго, т1ок1ал инаро, эбел, нилъ росасейилан. 


Чу хадуб гъезе теч1о

Мунагьал чураяв Г1абдукъадир вук1ана къец бан векерун бергбунев чи. Цо къоялъ Хасавюрталъул базаралдаса росулъе т1ад вуссун вук1ана гьав (машина-жоги бук1инч1елъул, нухда сордо бан гурони росулъе щолароан). Гьеб бук1ана доб рагъул заманаялда рохьазда рахчун талавурчилъи гьабулел хъачагъал ругеб заман. Юрта-г1авухъги тун Алмахъалде унеб к1удияб рохьосан унаго ярагъги барав к1иго чодулав вач1ун вуго данде, гьесда кодоса жо бахъизеян. Рагъул соналги рук1ун, мукъсанабго бук1аниги, кодоб бугеб жо хъачагъазухъе швезе теларилан, гьелги тох гьарун, лъутун вуго Г1абдукъадир. Алмахъалде щвезег1ан хадур лъугьарал чот1ахъаби гьас жиндаго хадур гъезе тун гьеч1о.

Нилъер Магьдих1ажи ватич1они…

Давудх1ажил вас Магьдих1ажиги вук1ана кивего щолев, рак1алде ккараб жо гьабич1ого ч1оларев чи.
  Алмахъалдаса цо лъабгояв вук1ун вуго революция бахъун , кидаяли нахъа заманалъ осетиязул дора, гьезул г1иги хьихьун. Гьев Магьдих1ажиги гьезул г1агарав чи вук1ун вуго.
  Цо къоялъ гьал г1ухьбузда вихьун вуго  рик1к1адасанго, мег1ер къот1ун жидеде т1аде вач1унев цояв. Гьаб осетиязул маг1арде жидер чи щивинха вач1иневан рак1алде ккун халгьабун рук1арал гьезул цояс абун буго, иях1ле, гьадав чиясул  Магьдих1ажида релъен бихьулищан. Гьанив гьев вук1ине рес гьеч1олъиялда рак1ч1арав гьалмагъас т1аде жубан буго, осетиязул Магьди х1ажи ватилин гьадав чиян. Гьев аск1ове щведал, ц1акъ тамашалъун хут1ун руго гьел, жал ралагьун, чанги мег1ерги гирун, ахиралдаги жидеда т1аде карав Магьдих1ажида 
                1 июнь 2001с


«Бахьикъосалъул»  толкови словарь.

Жавгьар-якъут – Якутиялде даран-базаралъ хьвадулей Жавгьаратил къокъаб ц1ар

Маржанал – Маржанатилан ц1ар бугел руччабазул къокъа.

Алжанат – Алжаналъе ине мустах1икъай ясалда лъолеб ц1ар.

Татавул – хъутабазда ругел г1адамаз кваниегун гьекъезе х1алт1изабулеб лъадал рахъ.

Къурбанал – Къурбан моц1алъ хъвехъулеб боц1и.

Колхозалъул ревизком – председательгун рекъон бикъанщинаб жо списать гьабизе документал х1адурулев чи.               
                15 июнь 2002 с


«Бахьикъосалъул» толкови словарь


Сибирь – Россиялъул хъутан

Москва – Россиялда жаниб бугеб пачалихъ.

Россия – Москваялъул вилаят-колония

Хъазахъистан – СССРалъул цебе бук1араб хъутан
               
Каспий ралъад – Мах1ачхъалаялъул канализация чвахизе гьабураб  гвенд, х1ор-свери.

Сулахъ – ГЭСал х1алт1изарун г1азабалда бугеб г1ор.

Хасавюрт – базаразе г1оло г1уц1араб шагьар.

Дагъистан – халкъ мискинлъанаг1ан бечелъулеб х1акимлъиялъул улка 

Мах1ачхъала – Россиялъул киналго Дагъистан республикабазул шагьаразда гъорлъ гьабураб конкурсалда бищунго лъик1аблъун рик1к1араб шагьар.

Каспийск – Х1алт1и гьеч1огон ч1арал ч1ах1иял заводазул гьит1инаб шагьар

Огни – ц1ералда гъорлъан шагьарилан кколеб бак1.

Дербент – г1иц1го щуазарго гурони сонал жинца рач1еб шагьар.

Кизилюрт – Ч1ик1аб ГЭСалъул сангаралъухъ гъоркьан т1аде х1инкъадго балагьун ч1араб шагьар

Кизляр – коньяк сабаблъун къват1ибехун жиндир ц1ар раг1араб шагьар.

Буйнакск – тахшагьаралъухъ мекъса балагьун ч1араб шагьар

Избербаш – Даш  лъалареб, баш льалареб, гьелъул иш раг1ине толареб шагьар

Телевизор – г1адамазе маргьо бицунеб ящик.

Радио – телевизорилан абураб к1удияб ящикалъ нахъе хъилдараб гьит1инаб ящик

Г1аракъи – Зах1малъиялдалъун роххел балагьич1огон, бигьалъиялдалъун пашманлъи балагьулев чияс х1алт1изабулеб жо.

ВТЭК – Рекъдилаго т1аде рач1арал кьурдилаго нахъе рит1улеб бак1.



               
Султ1ан Шахтаманов рак1алде щвезавун

Редакциялда, мунагьал жиндир чураяв,  Султ1анил кабинеталъув г1одов ч1ун вук1ана дун цо нухалъ. Гьевгун гара-ч1валулев вук1аго, нижер тема бахана кополал харбазде, хабар гуребги, рехсолеб раг1игицин кополаб бук1унел цо-цо чаг1азул бицун. Цо гьединав чи мисалалъего г1адин восун, Султ1аница  бицараб хабар буго гьаб.

 Мух1уе к1одолъараб «дипломат» - пальто               

Цо къоялъ, суббота бук1ун,  г1агарав чи кумекалъе вач1ун, ниж рокъоб цо х1алт1и гьабун квалквадулел рук1ана. Т1аде щун вач1ана дирго дандияв(?)  Мух1амадги. Гьев ккола борхатаб лагаялъул чи, рет1араб рет1елги гьесул ч1ух1араб, т1ад рекъараб бук1уна. Бицунеб жойин абуни гьесул, живго гьимич1ониги, аск1ор ругезе  асар гьабун лъик1 кеп щвезабулеб бук1уна. Гьале гьеб къоялъги Мух1амад вач1ана т1ад рекъараб, ч1ух1араб «дипломат»-пальтоги рет1ун.
 Хабар-к1алалде жоран рук1аго, кисаг1аги дуе гьадин ч1ух1араб пальто щварабилан жидеца гьикъидал, Мух1амадица, цо к1вар гьеч1еб жо ялъул бицунеб киниги, жаваб гьабуна, нилъер руководствоялъеян Дагъистаналдего лъабго  рач1арал рук1анила гьадинал  пальтоял, Мух1уе  к1одолъун, гьедин, гьабцояб  жинде  щвараб бугилан…      

               

Щунусго гъурущилая?...

Росдал сельсоветалъул секретарь Мусах1ажи щиб бицунги жинца чиясе гьабураб хъулухъалъухъ дагьа-макъаб бугониги магарич бахъич1огон ч1олароан.
  Цо къоялъ Х1амид абурав г1лохъанчи вач1ана документалги росун сельсоветалде  прописка гьабун, паспорталда штамп кьабизе. Гъоркье-т1аде бегун паспорталъуп лъик1 хал гьабун, магарич борч1изабизе цо г1илла ургъулев, балагьулев вук1арав Мусах1ажица, циндаго телефон кодобе босана ва к1алъалеб ххвел гьабун абуна: «Алло, милиция…,паспортний стол кье…Ассалам г1алайкум…начальникищ… Гьав цо Х1амидил х1акъалъулъ гьикъизе бокьун бук1ана…Гьасул паспорт буго лъабго моц1алъ прописка гьабич1огон, лъаларого буго гьеб нарушение кин т1обазабилебали… Штраф щунусго гъурущилая? Алло, я вац гьеб г1емер гьеч1ебищ?»
  Щунусго гъурщил ц1ар бахъидал гьурмал кьер т1урав Х1амид, нусго гъурщалде хабар рещт1индал дагьав рук1алиде вач1ана. Мусах1ажица телефон г1одоб лъуна ва бет1ер к1ибик1ана, ц1акъ зах1матаб иш т1обалев вугев чияс г1адин, х1инкъарав Х1амидица хабар тун нусго гъурущ Мусах1ажихъе кьуна, пропискаги гьабун к1удияб балагь т1аса ккарав чияс г1адин, угьун х1ухьелги биччан къват1иве лъугьана. Гьоркьохъеб къаг1идаялда 20 – 30 гъурщиде г1ей гьабулев вук1арав Мусах1ажие, гьеб къоялъ лъик1аб давла щвана.
               


Ханаралда ва Канаразда

Х1алт1и гьеч1ев дун – Ханаралда, х1алт1и бук1инелъун биччараб г1арац буххулев гьав – Канаразда.
  Жанив т1амурав чиясег1анцин х1укуматалъ г1арац кьоларев дунги, жанив т1амизе мустах1икълъаниги депутатлъун карав гьавги.
  Бак1ал раялъул устарлъун вахъаниги диего рукъалъе кьуч1цин лъезе рес ккеч1ев дунги, щунусго дун г1адазул рес г1олареб хъала эхетулев гьавги.
  Бит1араб бицанаг1ан ресукълъулев дунги, гьереси бицанаг1ан бечелъулев гьавги.
  Велосипед босизецин г1арац т1ок1лъуларев дунги, хиял лъунщинахъе ц1ия-ц1иял иномаркаби хисулев гьавги.
  Гали бахъа-бахъаралъуб милициялъ документал ц1ехолев дунги, милициялъул х1акимзабаз честьги кьун ц1унулев гьавги.
  Г1умруялъ ц1алун х1алт1аниги кисиниб гъурущ халалъуларев дунги, ц1алич1ониги диплом бичун босун дипломатал г1арцул ц1урав гьавги.
               

 


Муъминатил къурущ ва г1елмияб сенсация

Муъминатил къурущалъ исана гъоркь лъурал ханаздаса микьгог1анасеб т1инч1 бахъун бук1ана. Муъминатида рак1алде кола инкубаторалъ риччарал  бройлер-т1анч1иги росун, гьеб тохлъизеги гьабун къурщиде гъоркье ккезаризе. Къурущалда Муъминатица гьабун тараб х1илла лъач1о ва къук1го къук1илан къолочамалиго г1урал т1анч1и тарбия кьун хьихьулел рук1ана.
  Амма кванан г1орц1уларел бройлер-т1анч1азул г1емерлъиялъищ къурщил бет1ер сверизабурабали лъаларо, ялъуни х1ули-милъир къач1ан ч1ух1адго хьвадулел цогидал г1анк1абийищ гьалда берцин рихьаралали, кин батаниги кваркьи хьваг1ун т1анч1иги рехун тун, г1анк1абазде гъорлъеги ун ч1ана къурущ.
   Жиндиргох1ила сабаблъун Муъминатица гьел т1анч1и жинцаго хьихьизе ккана.
  Къурщица г1исинал т1анч1и рехун тей кола х1анч1азул г1алимзабазе сенсациялъун.
  Гьанжелъаг1ан г1алимзабаз рик1к1унеб бук1ана г1исинал т1анч1и рехун тей г1адамазулъ гурони цоги рух1ч1аголъабазулъ гьеч1еб г1амал кколилан. Гьанже аслияб г1елмияб суал кола гьеб къурщица гьабураб жо г1адамаздасан бахараб унтийищ, ялъуни г1елмуялда лъач1ониги рух1ч1аголъиялъулъ бугеб г1амалищали лъазаби
                14 февраль 2003с

Гъигъидулев Ах1мадбег

Цо сордоялъ цоязул бокьовеги лъугьун г1иялъажо бикъулев вук1ана Ах1мадбег…
  Бокьосан бахъараб чвархъ-г1анхъиялъухъе туманк1ги босун гьениве ваккизе уна хважаин. Гениб цо жоялда щаклъарав гьес туманк1 т1асиялде бахинабула. Гьабизе жо т1аг1арав Ах1мадбегица, «гъ-гъ-гъ».. –йилан гьаракь гьабула живго хъумурилан ккезе. Амма бац1ил гьаракь гьеб гуреблъи бич1ч1арав хважаинас ц1огьор бокьоса къват1иве вахъинавула… Живго т1атиндал ц1акъ гьардола «хъумур» т1аса лъугьайилан ва гьарула г1арз гьабич1ого, ккараб жо балъго теян. Жиндие зарал ккеч1ев хважаинасги Ах1мадбег т1аса лъугьун виччан тола, амма росулъ гьеб т1ибит1ич1ого хут1уларо. Гьелдаса нахъе «Гъигъидулев Ах1мадбег»-илан т1ок1ц1ар щвана гьесие.
                14 март 2003 с






Росдал тарихалде арал Мусах1ажил раг1аби

Гьаб ахираб заманалда г1ащт1азул багьа хиралъун вагьанже ругел гьезул чарам тамахаб бук1иналдалъун, г1адамал ругьунлъун руго машинадул рессоралъул г1ащт1ал гьаризе. Унго-унгоги рессоралъул махх гьелъие данде кколеб  буго ва сварщикгон рекъон къебедас лъик1ал г1ащдал гьарулел руго. Г1анже цо-цоязда гъорлъ жиде-жидер гьел  г1ащт1ал рецци модаялде бач1ун буго. Цояс бихьизабула МАЗалъул рессоралъул гьабурабилан, цогияс бихьизабула КрАЗалъул рессоралъул гьабураб бугин, Лъабабилев жибго БЕЛАЗалъул рессоралъул бугин абун к1алъала г1ащт1иги цебе ккун. Амма танкалъул рессоралъул г1ощт1оде бищунго къиматабилан гьезул цонигияб бахунаро. Гьелъул рессоралъул гьабураб г1ащт1и бугев чиги г1емер гьеч1о росулъ
  Гьале Мусах1ажицаги г1абизабула кисаялиго щвараб рессоралъул кесекалъул цо лъик1аб г1ащт1и. Гьеб кинаб машинаялъул рессоралъул гъабурабилан гьикъидал, Мусах1ажица ч1ух1адго жаваб кьун буго, жиндир гьаб гамил рессоралъул бугилан. Цо-цояз абула, гьев гьедунцин вугила мух1канлъиялъеян
                Х1акъикъат 28 фев. 2003 с


Рашидхан швет1абазул маг1ирокъов

Мунагьал чураяв Рашидхан кколаан К1дияб Ват1анияб Рагъуллъ Г1ахьаллъарав ва гьенир ругънал щун инвалидлъун лъугьарав чи.
  Цо къоялъ, колхозалъул г1иял къайи бугеб маг1арде ине чодаги рек1ун сапар бухьуна гьес. Къоялъул нух нахъаги тун къасиялде гьав, к1удияб рохьове щун, гьенисан унев вук1уна. Циндаго рохьоб бугеб цо г1урдаллъиялде щведал, маг1у т1ун г1одилел чаг1азул цо к1удияб къокъа батула. Гьезул цо т1ел , т1аде щолев вугев Рашидханиде данде рач1уна ва гьев чодаса гъоркъе решт1инавула. Гьел г1адамал гуреблъи лъан буго Рпшидханида ва гьезде щибниги к1алъайги гьабич1огон, маг1у гьабулезул къокъаялде гъорлъе лъугьун г1одов ч1ола, цинги гьал раг1абиги абула: Беццаб чода рек1ун
Чабхъадги вахъун
Чанги г1урусайгун
«Васандарав» дун, - илан ах1унго-ах1ун, унго-унгоги бадисан маг1уги чвахулаго агьиялда гьезда цадахъ г1одизе жувала. Гьасул къварилъи нилъерго г1адин зах1матаб бихьулиланги абун щайт1абаз живго тун вуго г1одилев вугев Рашидхан. Цо заманаялдасан, гъапуллъунги ккун, нахъа ворч1ун балагьидал, рагьун бакъ баккун дуниялги батун буго, г1урччинаб харида к1усарав живгоги нахъехун чуги гурого щибниги батун гьеч1о сверухълъиялда.
                Х1акъикъат 28 март 2003 с


Эмечил (Агъамирза) харбал

Балугълъуда, г1олохъанаб мехалъ бак1-бак1алде щун,  цо бихьун к1иго раг1ун, г1емераб жо лъарав чи вуго Алмахъалдаса Эмеч. Гьал харбалги гьес рицарал ккола.


Гьанже нахъаги нижер нахъбак1алъул росабалъе, хасго гьарзаго т1ощел бижулеб Алмахъалде, г1емер рач1унаан бича-хиси гьабизе г1адамал. Гьез бач1унаан «ц1уралъухъ -  ц1ун» хисизе – бехеса ц1ибил, эхедаса – курак ва цогидабги пихъ. Гьедин щибаб росулъ рук1унаан цоцазухъе хьвадулел гьалбал. Гьезул цо-цо кепал жалги кколаан.

«Ц1уралъухъ – ц1ун»

Гьобол  бича-хисизе пихъ босун Алмахъ росулъе щола. Х1амидаса гъоркьеги рахъун гьес бакъвараб куракалъул къандалъаби гьалбал решт1унеб нахъарокъор лъола. Рухьарал к1алал гъоркьеги гьарун гьоболас къандалъаби лъун рихьарав рукъалъул бет1ергьанчиясда, гьеб квеш бук1араб къаг1ида буго, радал гьоболасда бокьоб бухьараб жиндир х1амие хер, гьелда нахъехун бан батун буго.

Росулъе вач1ани, гьобол лъаларев, гьоболлъухъ вач1ани, дурго х1ама лъаларев.

Жиндихъе зама-заманаялъ  бича-хиси гьабизе, вач1унев гьоболасул росулъе ккола цо алмахъав. Амма т1аде щварав гьав вихьич1еб, лъач1еб ххвел гьабун буго гьоболас. Гьеб квеш бук1арав алмахъав «Ч1аха мун цо вехехун щведал дица дуда бихьизабила»,-ян рак1алдеги ккун, цогиясухъе гьоболлъухъ уна.
   Гьелдаса г1езег1ан заман ун хадув дов гьобол щола щибго ккеч1еб г1адин, гьоболлъухъ, бича-хисизе пихъги босун. Алмахъас гьесие кколеб гьоболлъи гьабула, щибго х1ал лъазе теч1огон. Къаси мех щведал гьас гьоболасда абун буго жидер гьанир ц1акъ г1емерал хъабанал ругин – жив кват1изег1ан гьездаса хур хьихьун ч1езе кколин, мун кьижизе аян. Нагагь сардилъ ворч1ани, мунги вакке гьеб хуриве, гьаниб бугеб туманк1ги босун. Гьениб хъабан бихьани, аск1овег1ан инч1огон кьвагье гьелде, нагагь лъукъун хут1ани хъабаналъ мун т1ут1ун валин.
  Гобол кьижизе индал алмахъас гьесул х1ама биччала хурибе важивгоги кьижизе уна.
  Кват1араб сардилъ макьидаса ворч1арав гьобол босу туманк1гун хуриве ваккизе уна ва гьениб  бихьараб «хъабанги» ч1ван кьижизе уна. Радал вахъарав гьоболасда жиндирго х1ама батун буго ч1ван. Т1аде щварав ва ккараб жо «бич1ч1арав» алмахъав ц1акъ г1ажаиблъун вуго.
   - Мунго щив чи, росулъе вач1ани гьобол лъаларев, гьоболлъухъ вач1ани дурго х1ама лъаларев, -илан г1айиб гьабун буго гьес гьоболасде.
                9 январь 2004 с      

Аваданаб
                Салих1ица жергъен г1адин
      
Жакъа годек1анив хабарчилъун вуго Гъизилюрталда яшав гьабун вугев Калинин аулалалдаса Салих1 Салих1ов. Халат гьабун щай, Салих1 ккола анкьгьунар. Гьес математмка г1елмуялда т1ад гьарурал х1алт1абазе к1удияб къимат кьуна машгьурав г1алимчи академик Шамил Г1алиевас. Аслияб х1алт1иян абуни гьесул бак1ал рай ккола. Хабар бицине ккараб мехалъ, гьебги Салих1ица рекъезабула Салих1ица жергъен г1адин. Гьеб нужедаги бихьила гьаб гьумер ц1алани.
                Султ1ан Шахтаманов


Как бихиялъе г1илла

Пайзудинил вас жаниве лъугьараб мехалда, гьесда эмен как балев ватана. Биччан телевизорги бук1ана. Инсуе какие квалквал бук1унгурт1изелъун, васас телевизоралъул г1аракь дагь гьабуна.
   «Заман» программа бук1ана телевизоралдасан унеб.
   Мун сабаблъун как биханаха дирилан васасдеги семулаго, телевизоралъул гьаракь ц1ик1к1инабун, ц1идасан как бухьана Пайзудиница.

Ц1иял щватаби

Ц1иял щватабиги рет1ун шагьаралде къват1иве ине лъугьана Камил
  Гьев рек1араб машинаялъ Хасавюрталде щолаго авария гьабуна ва гьевги шофёрги лъукъа-къот1ун шагьаралъул больницаялде ккана.
  Гьесдаса щватаби рахъулей йик1ана медсестра. Хвезехъин вугев жиндие гьелг1аги щибизейин, къот1ун рахъеян цалхана Камил гьелде. Гьелъги щватаби къварц1-къварц1ан къот1ун нахъе рехана.
  Хехго баянлъана, гьаб-доб бак1 хъарсинабун бугониги, Камил сахлъиялъе к1удияб зарал ккеч1огон ворч1ун вук1ин.
  Камил вохана. Амма щватаби къот1арай сестраялда гьев т1ок1алъ гьимун к1алъач1о.

«Мун х1инкъуге дада!»

Марку1ач1ул бец1лъуда хуриса вуссунев инсуца гъажибут1руздаги рек1инавун ваччун вач1унев вук1ана гьит1инав Г1умар. Рохь къот1ун унеб мехалда г1инда нахъаг1адин рузил гьаракь бахъиндал, Г1умар турк1ана. Цинги живго х1инкъараблъи инсуда лъазе биччач1ого, гьес абуна:
 - Дада, мун х1инкъуге, дуда нахъа дун вугев!

Бит1 ккей

Ц1акъ ц1одорго ц1огьодулев чи вук1анила Ах1мадбег. Саяхъаб, релъеда къват1иб хут1араб боц1и гьесул давлалъун лъугьунаанила. Г1адамазул щаклъи бук1ун гуреб, щибго кквезе жоги щолароанила гьесул.
  Цо къоялъ чуязда рек1ун росулъе щола НКВД ялъулал. Росу раг1алда жиндирго рукъалда цевеги ч1ун вук1арав Ах1мадбег вихьун, аск1оре рач1уна гьел. Чиналъ к1удияс Ах1мадбегиде абула нужер гьанив ц1акъ ц1одорав ц1огьор раг1улин, жал ц1ех-рехалъе рач1арал кколин, метерлъизег1ан жидер гьал чуял хьихьейин.
  Сардилъ Ах1мадбег чабхъад уна НКВДялъулазул бищунго лъик1аб чодаги рек1ун. Рек1ине къуватаб чу бук1иналъЧачанлъиялъул гох1-щобазде г1унт1ун щвезе рес ккун лъик1аб давлагун т1ад вуссанила Ах1мадбег радалиде рокъове. Жидерго ц1ех-рехалъулгун ва хъвай-хъваг1аялъул ишал лъуг1изарун, нахъ русине  НКВДялъулал къват1ире рахъинелде, Ах1мадбегица  чуял кват1изарич1огун гьезухъе щвезарула.

Мотор баг1арани…   

Тик-тик тракторалдаги рек1ун цо «разборкаялде» унел рук1ана г1олохъаби. Нух квешалъуре ккун трактор бегана ва чангояв лъукъана.
  Трактор бачунев вук1арав Мухтарпашаде щвезе вач1ана гьесул гьудул Башир. Х1ажат гьеч1еб ишалъе къват1иве вахъаралъухъ ва трактор бегизабуралъухъ гьудул вагъиялдаса х1инкъарав Мухтарпашаца дов к1алъалелде цебе ккезабун абуна:
  - Ле, ва Башир, тамашаяб жо буго дир гьаб трактор, мотор баг1арани тормоз кколареб…

Г1акдал багьаяб «разгон»

Маг1арухъе юк баччулеб машина тункун бече ч1вана. Дуца жиндир бече щай ч1варабан щоферасда цее ч1ун к1ал гьикъизе жуяна бачил бет1ергьанч1ужу. Гьелдасаги х1ал щун гьавги жувала г1айибал гьаризе дур бече сабаблъун жиндир г1акдал багьаяб разгон хванилан.
  Гьеб разгон абулеб жоялъул маг1на лъаларей, амма «г1акдал багьаяб» абулел раг1абаз кант1изаюрай пуланалъ щоферасе кант-бакъги гьабун, гьев квал-квал гьеч1ого виччан вуго…

Чу «сабаблъун»  щвеч1еб сайгъат

Цо алмахъасухъе щола цогидаб росулъа гьобол. Чодаса гъоркьеги решт1ун, рукъалъул бет1ергьанасе саламги кьун, гьобол, ч1олохъжоги ккун, ц1алаца чу бухизе жувала. Щиб-кинали бич1ч1ич1ев алмахъас, ккараб жоялъул г1илла ц1ехон хадуб, гьоболас абула, чоца баччич1ого жинца гьанибе бач1унеб бук1араб сайгъат босич1ого хут1анилан. Г1емер ургъич1ого алмахъасги абун буго, дуца чу г1адада бухулеб бугин, гьеб г1амал гьелъул батани, нахъе унаго гьанисаги гьелъ дуе сайгъат баччизе гьеч1илан.

Мавлид «ах1улел»

Цебе заманаялъ алмахъазулгун индиразул лъик1аб гьуинлъигун бухьен бук1ун буго. г1олохъаби ихтилат-кеп гьабизе цоцазухъе хьвадулаанилан бицуна ч1ах1иял г1адамаз.
  Алмахъалда рук1ана доб заманаялъ бусурман г1елмуялъул лъик1ал г1алимзаби, Индиралдайин абуни гьел рук1ун гьеч1о. Мавлид моц1алъ мавлид ах1изе Алмахъалдаса г1елму лъалел чаг1и рачине рач1унел рук1ун руго индирал.
  Гьале цо мавлид моц1алъул къоялъ, гьединаб къвараг1елалъ Алмахъалде рач1арал дандч1вала Мавлидинадаги Исламидаги. Ц1ех-рехалдасан мурад баянлъидал, жал ругин гьеб мавлид ах1улел чаг1и,- Ян абун буго к1иявго гьалмагъас. Ихтилат-кепги чияр т1аг1амаб квенги бокьулел гьав к1иявгоги рачун, рилъун руго индирал рукъоре.
  Лъик1аб х1урмат-къадруялда дандч1вай гьабун буго индираз Исламидаги Мавлидинидаги. Т1аса-масаго бук1аниги, мавлид ах1изе бажарич1ого гьалги рук1инищха, амма гьеб ах1улаго Исламие велъизе бач1ун, рах1ат хвеялде иш ккедал, Мавлидиница, гьоркьо-гьоркьоб, мавлидалъул раг1абазда гъорлъ, «велъугехо Ислам», «велъугехо Ислам»,- илан ах1улеб бук1ун буго.
  Гьединги индирал щаклъич1огун квешги лъик1ги мавлид ах1ун, гьеб иш гьаз т1обанбуго. Квана-гьекъон , индираз кьурал сайгъаталги росун нахъе рилъун руго Исламги мавлидинги.

Чу щай «халалъараб»

Дагьабго цебег1анаб заманаялъ, х1акимзабазул к1игояв,чуяздаги рек1ун, эхеде рег1ел бугеб нухдасан, мег1ер къот1ун, унел рук1анила.
  Гьекъон рук1ун, мехтиялъул кутакалъ, жиндир чу халалъун бугеб куц бихьулищан цояв цогидасде к1алъан вуго, чол рач1ч1алъухъе щун хъушт1ун унеб, жинда гъоркь бугеб кьилиги бихьич1ого.

Мег1ералъ г1уру бухъарав

Нухлул раг1алккун  бижараб борхатаб харилъ цинт1аго жваргъи бахъидал, х1инкъараб чу турк1ун Мухтарпаша гьакидаса вортула ва кодоб бук1араб ч1олохъжоялда х1ет1еги бан, гьелъ гьев лъик1аланго бак1лъан вехъерхъула. Данде карав чияс, хехго бекерулеб чу ч1езабун, Мухтарпаша хвасарги гьавун, гьев хехго больницаялде щвезе г1амал гьабула. Сахлъун больницаялдаса рокъове щун вугев гьас, жиндихъе щвезе вач1арав цоясда бицун буго, чоца жив бехъерхъараб бак1алда, жиндир мег1ералъ, кутнаца г1адин рахъ бан бугоанилан.

Къурах1мал г1акъилаб калам

Цо къоялъ росукъот1ун, къват1 халаса гара-ч1валулаго рач1унел рук1ана дунги, цо ч1ужу йиччан, к1иабилейгун вугев, цо чанго лъимадул эмен, Къурах1маги. Бицунеб хабаралъул темаги цинт1аго хисизабун, Къурах1маца абуна:
  - Иях1, ле, гъол руччабазул г1ажаиблъи, бусада регаралъуб гурони гьезулгун хабар – иш данде ккезабизе бугеб зах1матаб,- илан.
  Гьес гьел раг1аби росдал г1адатияв чияс г1адин гурел, цо г1акъилал пикрабазда вугев философас  г1адин абиялъулъ бук1ана г1аламатлъи.

Росасе «хъулухъ» гьабич1ей квартиранка х1ажат гьеч1о!

Шагьаралда г1умру гьабун бугей Разиятица, росасда дандги бан, моц1рое щолеб шагьи-параги г1олараго бук1ун, азбаралда бат1аго  бугеб  гьит1инабго рокъое квартираялъ йиччала, рос-лъималги гьеч1ей цо чалухай г1адан. Киг1ан бахчизеян лъугьаниги. Бихьинал хирияб, тира-сверизе бокьулеб гьелъул г1амал, рукъалъул бет1ергьабазеги. Мадугьаллъиялъеги балъгояб бук1инч1о. разиятиеги гьелъ щиб гьабуниги ургъел щиб, моц1ие г1арацги жиндир заманаялда кьолеб бугони, рокъоре «гьудулзабиги» рачунел гьеч1они.
  Цо пуланаб къоялъ, г1ел лъаларо, хвел лъаларо, гьебги ккун, маг1арухъе ина кола Разият, росасда рукъ-бак1ги т1ад къан… Т1адежоялъе ах1унги бач1ана телалъ, жий цо дагьаб заманаялъ, хур-хер бак1аризе эбелалъе кумекалъе ч1олей йигилан.
  Гьел къояз «къороллъуда» хут1арав Разиятил росасул, ях1 гьабизе к1веч1ого, цо сордоялъ чалухай квартиранкаялъухъе  инее къасд кола. Нуц1ида к1ут1арав гьесие къвариг1араб жо бич1ч1арай х1урулг1иналъ нуц1а рагьуларо, жакъа жий лъик1 гьеч1ого йигин. Гьебго жо гьабула хадусеб къоялъги.
   Гьелда г1ей гьабич1ого, «балъго» мадугьалалда бицун, гьеб хабар, аск1ор сверухъ ругездаги раг1изабула, гьезгиха, маг1арухъа йуссарайго, рукъалъул бет1ергьаналъухъе щвезабула. Хозяйкаялда лъик1 йихьизелъун квартиранткаялъ ургъараб гьеб х1иллаялъул х1асил г1аксалда ккола.  Жиндир чу чияр хуриб квананилан жиндие ургъел бук1инч1ила, г1адамалги т1ад релъанхъизарун, жинджир росасул къвариг1ел т1убазе инкар гьабизе кканани,  цогидал бихьиназдаса гьесул къураб жо щибила бугебилан ч1ана Разият. Гьеб квеш бук1арай гьелъ, к1алал гьикъун теч1ого,
ахир рокъоса нахъеги къот1ула макруяй квартирантка.

Багьана къвариг1араб мехалъ…

Цебесеб къоялъго, жакъаг1аги цо х1алт1и рокъоб гьабизе ккелин къот1и ккун бук1ана. Радал вахъун ц1оролеб батараб чайникги газалъул почода лъун, гьелде гъоркье спичкадул ц1а рек1араб г1уч1 ккуна
  Г1айламанлъаяб г1уч1, спичкаялда хъинт1улаго бихьана ц1акъго т1еренаб бук1ин ва ц1а рек1унеб гьелъул бет1ерги харил муь г1анасеб бук1ин. Ккезе бугеб жо лъарабани  хисизег1аги хисилаан гьеб. Газил печалъе рек1еейищ г1еч1****и гьеб спичкаялъулаб г1адаб заг1ипаб гурони, газалда ц1аги  рек1инч1о.
   Печалъул рак1 рази гьабизелъун нахъеги спичкаялъул цогидаб  г1уч1 комфоркаялде аск1обе ккуна, амма газил печь дидехун бит1ич1о, рек1арабцин ц1а дагьлъун, сунн ана… Щибилая? Кибго газ къот1изабун бугоя? Вах1, дида газ барщун, дун сабаблъун, ккараб жоялъухъ балагьеха цо…
  Чайги гьекъеч1ого х1алт1иги кин гьабилеб. Жакъа къо  диде данде багъиялъул х1исаб гьабулаго, кинабго жоялъул цоцадехун бугеб гъваридаб бухьеналъул г1ажаиблъиги гьабун, рак1алде ккана, жакъа щибго гьабизе бегьиладаян.
   Бай бихьудасаго бит1 ккеч1еб мехалъ, хадубги гьабулеб данде билъунарин, жакъаги щибниги х1алт1и гьабунгут1изе къот1и ккана.

Рахсаца рухьарал ракетаби
 
Ибрагьим армиялде хъулухъ гьабизе аралъув ккола ПВОялъул ракетазул часталде. Офицерзаби гурони аск1оре риччаларел ракетазе хъулухъ гьабизе, командованиялъул к1удияб божилъиялда вук1иналъ, Ибрагьим тун вук1ун вуго. Тушманасул самолётазде данде риччазе къач1ан ч1езарурал гьел ракетаби, рахсал ран щула гьарун рук1унаанилан бицуна Ибрагьимица. Нилъерго самолётал т1асан роржун унел мехалъгицин, гьезде рортизе ч1оларого ругел кинниги, гьезул терк1еялъул кутакалъ, гьел рахсал жваргъолел рук1унаанила.


Г1адучил х1акъалъулъ харбал 

Налог бак1арулел лъутизаруна

Дол г1асиял, ракъарал, г1адамал налогаз гъанкъиялде ккезарулел рук1арал рагъда хадусел соназ, Г1адучил эбел-инсуда ццин бук1ун буго власталъулазул, гьез налогал кьоларогонилан. Г1адучил эбелалъул, мунагьал чураял, Суайбатил вацал рук1ун руго сундасаго нахъе къаларел, бах1арчиял чаг1и. Росдадаса рик1к1адег1ан кколеб Чорто абулеб отаралда бук1ана гьезул ч1ел. Дир инсуца бицанихъе, доб бандазул талавурчилъиялъул заманаялдагицин, хъачагъал, Г1адучил эбел-инсул кули бихьулелъурецин, аск1оре къалел рук1ун гьеч1о.
  Гьале цо къоялъ, Г1адучил эбел-инсухъ щибниги налогал рахъизе к1олеб гьеч1илан райцентралде щвараб г1арзаялъ, гьениве вит1ун вач1ун вуго налог бахъулезул бищунго сог1ав, лебалавин абулев чи. Вачун кумекалъе росдал советалдаса цоявгун, Г1адучил эбел-инсул бак1алде рач1ун руго гьел. Рокъов гьеб параялъ бихьинчиги ватич1огон, гьениб азбаралдаго батараб ц1оросаролълъил раччиги гъажиде рехун, нахъе инее лъугьун руго налог бак1арулел. Амма Суайбатица бахъинабураб ах1и-х1уралъ, къват1ире к1анц1ун к1ияйго гьелъул ясалги рач1ун, цоялъ лъен босун, цоялъ г1ер босун. Налог бак1арулел рухизе журан руго. Хехаб галиялдалъун нахъе инел рук1арал налог бак1арулелги, реххун раччиги тун лъутизе ккун руго. Амма гьединаб жо х1ехьолеб властьги доб бук1инч1ебха, къокъ гьабун абуни, Суайбат туснахъ гьаюн жание ккола. Эбел жание йиччаларин, ккара-таралъул г1айиб т1адеги босун, Г1адуч гьелъул бак1алда жаниве уна. Жанир т1амурал ц1унун рук1арал гьелдаса ц1акъ рохула, щайгурелъул Суайбатица ах1донги, хъудунги, нуц1а бекиялде ккезабун бухунги тату хвезабун бук1ун буго гьезул.
  Гьедин Сибиралде анкьго сонги кьун вит1ун вук1ана Г1адуч, К1удияб Ват1анияб рагъда хадусел соназ. Нахъе вач1ана, Сталин хун хадуб гьабураб, «Меседил амнистия» щун.


Ятабалда

Ятабалъ рит1ун, цо Сибиралъул лагералде щун вуго Г1адуч цогидалгун цадахъ. Цо-к1иго раг1иялдалъун бицани, гьев вук1ана гьоркьохъеб лагаялдецин ворхалъи бахинч1ев, х1алакъаб къаркъала бук1аниги щок1олав, г1езег1ан къуват бугев чи. Бицуна, г1езег1ан рик1к1ад бугеб отаралдаса росулъе, хъап ц1оросаролълъалъулги ц1езабун, гох1-щобалдасан гьебги баччун вач1унаанин гьев.
  Лагералде щун хадур, ракъунги сваканги ругел арестантал столоваялде рачун руго. Жиде-жидее квенги босун, гьел г1одор ч1олел рук1аго, Г1адучидеги ирга щола квен босизе. Базалиял г1урусазда  гьоркьов Г1адуч ц1акъго заг1ипгоги вихьун, квен бикьулев цо бугъаг1адинав чияс квенги кьеч1ого, цевехун аян квералъ ишан гьабун буго гьесде. Г1адучицаги , аск1овег1ан ватарав жидерго начальникасде бицун буго х1акъикъат. Начальник  «бугъиде» вагъун хадуб, гьесиеги квен щола.
  Квананги лъуг1ун къват1иве унев Г1адучида, цо бец1аб коридоралъуве щведал, доб мокърокь гьунарев г1адав «бугъа» ватун вуго, нухккун ч1ун. Сваканги вугев чиясе Г1адучие гьебищха камун бук1араб, гьеч1еб нахъ вусун инеги цоги нух. Кодоб- хъатикь жо гьеч1олъиялда рак1ги бух1ун, ццин гьалаглъарав Г1адуч шварт1ан т1аде к1анц1ун, кетог1адин гьесда хурхун вуго. К1иябго квералъухъе гьесул биццатаб габуралъул шемещ къазе щун буго. Гьанир тункун дора тункун гурони, «бугъида» щибго жо гьабизе к1ун гьеч1о гьесие. Г1адучицаги бугеб къуваталъ габур биччан гьеч1о. Гьедин гьал рук1аго, т1аде ккола цогидал жанир т1амурал ва гьез рат1а гьарула.
  К1иабилеб къоялъ, кванил г1ужалде, цоги нухалъ дов «бугъа» данде лъугьаниги бук1инеян, къвалиниб маххул бег1ерлъиги бахчун, вач1арав Г1адуч. Дов квен бикьулес щибниги квал-квал гьеч1ого квен кьун буго гьесие. Щибдай «бугъие» ккараб жоян тамашалъарав, квен босун г1одов ч1езе унев гьесда раг1ун буго, нахъехун кваналел цо-к1игояс: «Нилъер квен бикьулев («бугъа» гьеб лагералда вук1ун вуго к1удияб къиматалда вугев чи) гьадас гъанкъулев гурищ вук1арав»,-илан жиндир бицунеб. Гьедин лагералда т1ибит1ун араб хабаралъ, унго-унгоги жив гъанкъулев вук1анин гьадав «чуркас»илан рак1алде ккараб къаг1идаха, т1ок1аб «бугъица» гьесие щибниги квал-квал гьабун гьеч1о. Г1елдаса нахъе, гьеб лагералда вугебг1ан заманаялъ, жанир т1амуразда гъорлъ Г1адучил лъик1аб къимат бук1ун буго.   

Гьабураб лъик1лъи лъалел ц1огьал


Г1адуч жаниве ккараб мехбук1ана кутакалда ракъараб, лагеразда ц1акъ мукъсанаб гурого квенги кьолареб, рух1 бахъун х1алт1изарулеб, ц1акъ сог1аб заман. К1иго килищ г1анасеб ч1ег1ераб, щибниги т1аг1ам гьеч1еб чадил кесек кьолаанила кваназе.
  Чанги рорхатал, базалиял г1урусал г1емер хванила гьеб мукъсанаб чадил кесек щибгун квинебали лъаларого, ях1 гьабизе к1веч1ого, щвани вакса, щвани салидолги бахун кванан.
  Г1адучги бак1аб х1алт1уцаги, вакъиялъги г1одов ккезавун ахир лазареталде вит1ун вуго. Гьенибги г1емер кванил бат1алъиго бук1ун гьеч1о, г1иц1го х1алт1изе ине ккунгут1и гурони. Лазареталдаги гьав вегизе ккун вуго цоги бат1ияб лагералдаса «къимат» бугев чиясда аск1ове. Г1адучица бицана, ц1акъ бат1и-бат1ияб квен бач1унаанила гьесие къват1исан, гьесул кидаго к1удияб къвач1а бук1унаанила кванил ниг1матазул ц1ун. Вахъине к1оларев жиндие, цо чадил моч1оцин, цо нухалъниги маян абич1ила гьес. Кидаго х1ажаталъ къват1ивехун унаго, жинда т1ад къалаанила гьеб кванил къвач1а ц1унизе. Ц1акъ ццинги бук1анила жиндир гьесда бахъун.
  Къо бахъанаг1ан рух1 лъуг1ун, вахъине зах1малъун, вегунго вегун живги вук1унаанила. Цо къоялъ бералги къанщун вегаралъув ургъалида  вук1аго, «кьижарав» жив  ворч1изавизеги бокьич1ого, дов къвач1ил бет1ергьан къват1ивехун унев раг1анила. Г1емер заман инелде берал рагьарабго, гьесда къвач1ие чан ккун цо-к1игояв вихьн вуго. Гьел щалали бич1ч1арав Г1адучица, гьезда бич1ч1уледухъ ц1идасан бералги къанщун, кьижараб хвел гьабун буго. Буге-гьеч1еб бечелъиялъул ц1ураб къвач1аги босун цереса гьел хьван г1емер заман инелде, щун вуго т1адвуссун къвач1ил бет1ергьанги. Ва ах1данила гьев, ва вагъданила гьев, г1иц1го г1одич1илаха. Живги гьесул хъуялъухъе «ворч1анила» макьидаса, бералги рагьун к1алъанила щиб-кин ккарабилан, жиндаги гьес ц1акъ к1ал гьикъанила, бикъун араб къвач1аялъухъ балагьич1огойилан. Г1адучицаги абун буго, къват1ивехун унаго ворч1изавун г1аги тун вук1араваниян. Гьединги абун, г1емер хабар ккеч1ого г1айибги т1аса кканила, цо-к1иго къойидаса къвач1ил бет1ергьан къват1иве виччанги анила.
  Гьев аравго, бугила бач1унеб дов к1иясго, дагьа-макъаб бугониги жиндие квен. Цин цояв вач1ун, цогидаб къоялъ цогияв вач1ун гьез лазареталдаса къват1иве инег1ан квен баччанила жиндие. «Гьабураб лъик1лъи» лъалел гьев к1иявго ц1огьор гуревани, жив ч1аго хут1иялда божилъи бук1инч1илан бицуна Г1адучица.

Ленинил ч1ужу ятаниги      

Лъиениги х1елич1ев, рит1ухълъи бокьулев, сог1ав чилъун хут1ана Г1адуч хадувги. Цо нухалъ, кидаяли нахъа заманаялъ, Салаюрт абулеб рит1алида бугеб «Бергьенлъи» колхозалъул ролъ бекьараб  хуралъул хъаравуллъун вук1ана гьев. Цо къоялъ, бижун бач1унеб г1урччинаб ролъ пасат гьабулеб г1ака батун, гьес гьеб бет1ергьанчи вач1инег1анилан чолонибе гъола. Бакъанил г1ужалда Г1адучиде т1аде щола цо ч1ух1арай ч1ужуг1адан ва лъазабула, жий райкомалъул секретарасул ч1ужу йигин, гьеб жиндир г1ака къват1ибе биччайилан. Ццин г1едерав Г1адучицаги, мун Ленинил ч1ужу ятаниги бат1алъи гьеч1ин, гьей нахъе къот1ун йиго ва колхозалъул кассаялде г1ак1а бец1ун кьураб квитанция бач1инч1ого, г1ака къват1ибе биччан гьеч1о. 



Гьардухъабазул росулъ гьабулеб дуг1а

Гьардухъабазул росдал г1адамазул рук1унел раг1ула щибаб тухум-кьибилалъ жиде-жидеда гьоркьор гьардезе хьвадизе рикьарал бак1ал, росаби. Гьедин, Нахъбак1азул росабалъе хьвадулел гьардухъабазул цо агьлуялъул чиясе вас гьавун, гьезул мавлидалде ккун вук1ун вуго цо къват1иса чи. Гьес бицун буго вас гьавидал гьениб гьабулеб дуг1а: «Инсул х1алккурав ватаги,
                Х1амил рач1ч1 ккурав ватаги,
                Нахъбак1азул гьабзаз
                т1ил ц1ац1арав ватаги! »




Г1орхъиялъул халалъи бугел цепочкаби.

 Казбек районалда бугеб цо милициялъул батальонадъул командирлъун вук1ана Аргъваниса Мух1амадилан абурав чи.
  Гьесул лебаллъялъулги, бах1арчилъиялъулги дидагоцин раг1унаан алмахъазул милициялъулаз бицун. Махсаро-хоч1  бокьулев чиги вугеб къаг1ида гьев…
  Дол чачаналъан рач1арал боевиказулгун рагъ ккун хадуб,милициялъулазе командировкаялъулаб г1арац бук1ана лъик1го эхеде турк1изабун. Гьедин щвараб г1арцухъ г1емераб жо босун батиларищха гьез. Мух1амадица абун буго, гьез лъудбузе росарал меседил цепочкаби цоцазда рухьани, Чачаназулги, Дагъистаналъулги г1орхъи къазе г1елаанилан.

К1иго росасда гьоркьой цо ч1ужу

Цо бергьарай квешай ч1ужу йигев росасда гьесул гьалмагъас, к1иабилей ч1ужу ячине бокьун бук1ин загьир гьабун, абун буго, шарг1алъ ункъо ч1ужу ячине бегьизабун бугилан. Гьев ч1ужу квешас, г1енеккунги вук1ун жаваб гьабун буго, шарг1алъги к1иго росасда гьоркьой цо ч1ужу йик1ине бихьизабурабани рекъараб бук1анилан.
                3 март 2005 с


Годек1анир харбал


Жергъен гуребги, хабарги рекъезабизе лъалев алмахъав Салих1ов Салих1


Къуларав Ах1мадил мугъ бит1и

Дагьаб цебег1анго заман бук1ана гьеб. Росулъ вук1ун вуго Ах1мадилан ц1ар бугев, жиндир ригь херлъиялде арав, к1ич1унго хут1ун, къуларав цо чи. Гьале цо пуланаб къоялъ, нухдасан унев вук1арав гьесда данд ч1вала, терсал, баракат бахъун чунлъал махсараби гьаризе рокьулев ва гьел сабаблъун чанго нухалъ жинде щварав, Г1умарин абулев г1олохъанчи. Къват1ккун унев вук1арав къуларасда нахъасан малги бан лъутула гьев. Ццин гьалаглъарав  къуларавги, бахъун лъалиниса ханжаргун, Г1умарида хадув лъугьуна. Лъик1го манзил тола гьез гьедин. Хадув гъолев вугев Ах1мадил гьединаб жан батилилан рак1алдецин ккеч1ев  Г1умар нахъехун балагьула ва тамашалъун хут1ун ах1дола, «мун вит1ун ч1ун вуго, мун вит1ун ч1ун вуго», - йилан. Гьесул раг1абаца лъавуде вач1инавун, Ах1мад лъалхъула ва унго-унгоги живго вит1ун ч1ун вук1ин бихьарав гьав, воххиялъ ццинги чучун, лъутулев вугев Г1умарги тун, нахъ вуссана. Бицуна гьелдаса нахъе  Ах1мад т1ок1ав къулич1илан.

Якьадалъул г1акълу 

Г1унайзатиде, веххеса щвезе вач1арав гьалъул дурцас, харбида гьоркьоб, ч1ужуялдасан г1арз гьабун буго, валагьин лъаларогон бугин щиб гьабилебали, жиндирабго гурони, дица абураб щибниги жо гьелъ, цебе биччалеб гьеч1илан… Жиндирго г1адинаб бергьараб г1амал ясалъулги бук1ин лъалей ц1одорай якьадалъ, ахиралдаги абун буго  дурцасда, кин колебали бихьизе гьелъ абуралъухъги  г1енеккун вук1ун х1албихьейилан.
  Лъик1аланго заман ун хадуб, Г1унайзатихъе щварав дурцас, доб цебе ккараб хабар рак1алде щвезабун бицун буго, дуца абухъе гьабидал  жидеда гьоркьоб к1удияб маслиг1ат кканилан…


Х1акимчи росулъе щвей

Росулъ цо иш ккун, гьениве щола Мах1ачхъалаялда к1удиябхъулухъалда вугев Карим. Гьев ккола балугълъуде вахинег1ан гьебросулъ г1урав чи. Х1алт1уде вуссун, заман гьеч1олъиялъ, ц1акъго къанаг1ат гурони росулъе щоларев гьев вач1индал, г1емерал лъалел чаг1и рук1инарищ рак1арун гара-ч1валулел, гьев годек1анивехун сверидал. Аск1ове вач1уна, гьит1инаб мехалъ Каримгун чанги цадахъ свердулев вук1арав, цо-к1иго соналъ гьесдаса гьит1инав махсарочи Г1айнодин. Гьит1инаб мехалъ жидерго ккарал кополал харбал рак1алде щвезарун рицунел рук1ана гьес, г1енеккун цогидалги рук1ана. Цо бицун, к1иго бицун, харбил тема хисун, Каримихъги валагьун Г1айнодиница байбихьана г1олилаб мехалъ гьарулел рук1арал, цо-цо г1адамазда цере рицине санаг1ат гьеч1ел ишал рак1алде щвезаризе. Бицунеб жо ахиралде щвезег1анцин раг1изе бокьич1ев  Каримица, хехго годек1аниса инее г1амал гьабуна. Гьал бат1и-бат1иял г1адамазда цебе к1удияб хъулухъалда вугев гьесие ц1акъ бокьич1о, г1олиллъудаго ккарал, «г1одосел» ишал т1атине. Т1ок1ав Г1айнодин вугеб бак1алдего гьев аск1овецин къач1о…

Питералда 

 Санкт-Петербургалда, цо лъик1аб рестораналда квана-гьекъолев вук1уна к1иго маг1арулав. Ахиралдаги столалда нахъа жоги тун инее бокьич1ев цояс абула, г1андисес сапун кванан гьеч1ищила, г1арац кьун щвараб жо бугиланги абун, гьаб лъугьизабизе кколилан. Гьедин гьел рук1аго, гьениб г1агардег1ан бук1араб столалда нахъасан вахъун, гьезде аск1ове вач1ун, цояс абула: Гьа, бицеха, кив нужеда вихьарав г1андисев сапун кваналевилан…

Хасавюрталда   

Электричествоялъухъ кколеб г1арац г1емер заманаялъ кьеч1ого бук1иналъ, электрик, токалъул х1ободеги вахун, гьеб рокъоре рачарал кварал къот1изе жувала. Х1обода гьев вихьарай рукъалъул бет1ергьанч1ужу, кодобе ч1аргенги босун, гьеб х1обода гъоркь ч1ола, гьенивени ваханин мун, гъоркье киндайха рещт1ине вугевали балагьилинги абун. Бет1ерги к1ибик1ун, токалъул кваралги жалго тун, гъоркье рещт1ине ккола электрик…

Берталъ 

Цоязул берталъе ине ккун вук1ун вуго Ах1мад. Квана-гьекъолелъуб,  вахъун т1адегун, лъик1ал раг1абиги абун, стакан ч1обого гьабула гьес ва,  ругьунаб къаг1идаялда, чадил кесек мег1ералда цебе ккун, гьеб гьунхьула. Гьеб бич1ч1ич1ей г1андиселъ, жиндица бежараб чадида ч1ух1ун, мах1 сунт1улев ватилин Ах1мадиланги ккун, гьесул гъващилъ чурпа т1олеб гел кьабула, дур куцалдаса мах1царабищ жиндир чед бугебиланги абун.

Къват1исеб пачалихъалда

Ч1ух1араб ва бечедаб цо г1арабиязул пачалихъалъул шагьаралдасан унеб бук1ана, нилъерал т1ад ругеб цо машина. Щиб ккарабали, машина, моторги ссун, лъалхъула. Гьелъухъ бала-гъалагьизещфёрги  лъугьун, дагьаб х1ухь бахъизе, къват1ире лъугьун руго пассажирал. Машина сверун женжедун, шагьаралъул берцинлъиялъухъ балагьун, гьелъул бац1ц1алъиялъул бицунел-толел рук1аго, «гьадав чиясул куцалъе къвариг1араб щиб, чанц1ул балагьаниги, нилъехъ хал гьабун вихьула дов»,- илан абула дагьав бат1аго ч1ун вук1арав гьазул цояс. Цинги, гьасие къвариг1араб  щибдайиланги абун, гьесде аск1ове ине лъугьараб мехалъ бич1ч1ула, къват1 халаса бугеб к1удияб мат1уялъусан вихьулев чи живго вук1ин.

Кинго к1очонарев Ленин    

Цо къоялъ рузманалдаса хадуб, мажгиталдаса нахъ руссун, жидерго хабар к1алалда рач1унел рук1ана Х1ажимурадги гьалмагъги. Гьаризе кколел как баялъул шурут1азул бицунаго, Х1ажимурадица абуна, я вацила, как балеб мехалъ, Хирияв, Т1ад вугев гурони рек1елъ кквеларилан вук1унила жив, амма бак1-бак1алъан ваккун Ленин ч1олила цеве.

Самолёт машина гурищ

Т1оцеве самолёталда рек1ун ун, т1адвуссарав, к1удияв чи Мух1амадида рокъосез гьикъун буго, кинаб жойин самолёталда рек1ин бугебилан? Валагь, байбихьудаса багъарулаго лъик1го хъваг1асданила гьеб, хадубин абуни шофёрас ц1акъ берцинго бачанила, нухалищ лъик1ал рук1алалиян, жаваб кьун буго Мух1амадица, самолётги  машинаго г1адин гирун гурони унареб жойиланги ккун.

Реклама

Хасавюрталъул базаралда картошка бичулей йик1анила Пари. Багьа-къадар ц1ехезе яч1арай цоялда, г1урус мац1ги гъура-чункулаго, жиндирго картошкаялде кверги бит1ун, бихъ-бихъулеб лъик1аб бугин белъиндал гьебилан бич1ч1изабизе гьелъ абун буго:
  - На каструля варить, похъ-похъ станет, - илан.    



Назирбег ккола, доб советияб заманаялъ Горькиялда(Нижний Новгород ), лъик1 къиматалда бук1араб, Высшая школа ОБХСС абураб бак1алда ц1алиги лъуг1изабун вач1арав чи. Гьев вук1ана абураб жоялда божулев, т1адагьаб, аваданаб рак1алъул, гьит1инаб къоялдаса Бугеб г1амал сундаго хисизабизе к1веч1ев чи. Амма лъик1аб лъай щваниги, бак1алда рекъон, «кколеб»,  «бук1унеб» къаг1идаялъ х1алт1изе бажарунгут1иялъ,(бич1ч1уледухъ абуни, ришват босизе-кьезе лъангут1иялъ) гьев ОБХССалъул х1алт1уда халалъич1о. Чанго бак1ал хисун, цин участковыйлъун х1алт1ун, цин дежурныйлъун т1амун вук1ана Назирбег. 1999 соналдаги хадурги ккарал кьвагьа-г1анхъабазда гъорлъ Ц1ияблак мухъалъ вук1аниги, аваданаб г1амалгун хут1ана гьев. Цо-цоязухъ г1енеккани, гьев къарумав вугиланги абула, чунлъал махсарочаг1аз жеги Назирбег к1к1ара беч1ч1 вугиланги абула раг1ана, амма дун гьезда, бит1араб бицани, божич1, щайгурелъул, гьесул т1ахьазул полкаялда, рицатал томазда гьоркьоб, нержавейка маххул берцинго гьабураб т1ехь буго, жанисаги гьодораб. «Ц1ализе» къвариг1араб мехалъ гьеб ч1обого бук1унаро.


Зурма г1адинаб таманча

Гьаб лъугьа-бахъин ккана Назирбег милициялъул дежурныйлъун Гъизляралда х1алт1улеб мехалъ. Гьенирго дагьаб мехалъ г1умру гьабулел рук1ана росуцоял Г1абдуразакъги цогидавги. Гьале цо къоялъ х1алт1удаса вач1унев Назирбеггун гьав к1иявго  шагьаралъул къот1нор данд ч1вала. Цоцазде гьикъа – бакъарун, бихьа-тараб бицун к1алъалаго, Назирбегица гьикъула гьазда, цебесеб заманаялъул таманча, туманк1 г1адинал яргъил алатал ричулел г1адамалго  лъаларищ, ричун росизе къвариг1ун ругилан. Назирбегица антиквариат бак1арулеб бук1ин лъалев Г1абдуразакъие гьеб гурищ раг1изе бокьун бук1араб, гьекъезе жоялъе г1арац борч1изабизе зах1матав Назирбегидасан. Яргъил щибниги жо бич1ч1уларев чияс г1адин, Г1абдуразакъица, к1вар гьеч1ого к1алъалев кинигин абула, лъазени лъалин цо таманча бугеб бак1, амма де к1вар бугеб жо гурин гьеб, басрияб, зурма г1адинаб х1араги бугеб жо бугилан. Геб раг1арав Назирбегица, воххиялъ, харбие к1иго хъах1алъул шишаги, цо бежараб г1анк1оги босизе г1арацги кьун гьазул цояв вит1ула…
  Хадуб ккараб щибха бук1инеб? Г1абдуразакъица бицана, жив кидаялиго Москваялде ккараб мехалъгицин, Назирбегица, гъоб таманчаялде ккараб гъираялъ, жиндир  махсароялда хадув гъеч1огон, ругьел бит1улаанила, мунго вач1инч1ониги к1варич1ин, доб таманча бичулезул адресг1аги лъазабейилан.
 
Майорасул чин бач1ин

Ц1ай бугев х1акимчи г1агарлъиялъулъ вук1аниги, «бахъи - бикьи» гьабун бажарич1ев Назирбег анц1го соналъ капитанасул чиналда хут1ана. Цо гьев лъалес абун буго, мунго щив чийин, щай ун начальник1асухъегун, зар столалдаги кьабун, кьварун звание т1алаб гьабуларебилан. Махсаро бич1ч1ич1ев Назирбегицаги дов лъалес малъаралда рекъон гьабун буго ва, дагьаб заманаялдасан, бач1ине хабарцин бук1инч1еб, майорасул чин бач1ун буго.

Къанаг1атаб машина

Назирбегие бокьула цересел заманабазул культураялъул ва рук1а-рахъиналъул къайи-ц1а , алатал  рак1аризе. Гьединал жалазда  дагьаб г1арац хвеч1о гьесул. Цояб рукъ ц1урал гьединал алатазул т1олго коллекция, Россиялдаса вач1арав, нилъер ГЭСазул к1удияс гьесухъа ричун росунцин анилан бицуна.
  Ростовалда учузго бичулеб бугилан раг1ун, т1алаб гьабун, Назирбегие щун бук1ана цебесеб заманаялъул, басрияб ВМV маркаялъул машина. Басрияб гьеб, къач1алеб «процесс» бихьич1ого бук1ине бокьун, хадув, ч1ух1араб хъах1аб чода рек1арав г1адин росулъе вач1инелъун, чачаналъе, цо устарасухъе ккезабула гьес гьеб. Чачанасул ремонт халалъана, лъик1го Назирбег х1улун гурони, машина къач1ан  раг1алде бахъинч1о…
  Гьанжесел иномаркаби гурони берцин кколарев цо «ц1одорас», Назирбегил ч1ух1араб, борхатаб кузовги бугеб, ясик1ог1адин къач1араб машина бихьидал абун буго, гьадаб нилъер Салаюрталъул авлахъалда, кутан нахъаги бан бекьаризабизе г1адинаб жо бугоан гьебилан. Гьелъищали лъаларо, Назирбегица хехго машина бичун т1аса ккезе г1амал гьабуна. Амма  бигьа-бигьаго гуребха гьеб машина бичун араб. Щибаб гьат1ан къоялъ, анц1го километраялъе анц1го литр бух1улеб «Волгаялъул» мотор т1ад бугеб гьеб, Хасавюрталде-нахъе бачинги бигьаяб жо бук1инищха. Дицаго абунцин бук1ана Назирбегида, азбар-къоно берцин гьабизе, къват1ибе бахъич1ого тезе бегьуларебищ гьебилан. Машина ахиралдаги бичун анна гьелда т1ад гьарурал харжаздаса г1емер учузго.

Токалъул ва газил экономия

Цебегоялдаса, х1алт1удаса эркенаб заманаялъ, Назирбегие бокьула кагътал х1азе. Кагъталги руго гьесул, анц1го соналъ цереккун росарал г1адинал, басралъиялъ хъатинир унаредухъ рицалъарал. Добб чачан рагъул заманаялда цо-цо г1одоркъояз росулъе вач1индалгицин, рак1арун рокъоре гьудул-гьалмагъзабигун, кагътал х1алев вук1унаан гьев. Гьале дагьаб цебег1анги, мадугьалихъ ругел, Юсупги Мух1амадг1арипги ах1ула къасиялде жиндихъего кагътал х1азе. Квачарал къоял рук1ана гьел. Назирбегихъе щварал гьазда киса-кирего рукъзабахъ чирахъал свинарун, отопление къан, квачан батана, г1иц1го кагътал х1алеб рокъоб бук1ана чирахъ бакун, розеткаялда электрочайникги бук1ана ч1ван. Т1аде рач1аразул разилъи гьеч1олъи бихьарав Назирбегица абула, жиндир токалъухъги газалъухъги араб моц1алъ лъабазарго гъурущ анила, хинлъизе бокьани, жинца г1адин х1ат1азда гьоркьоб чайник1 лъейилан…
Хадусел къояз, гьал к1иялго к1албазараз, цоялда к1иго т1ад лъун къот1нор харбалги рицун суризавидал, Назирбегица т1ок1аб додиг1анго экономия гьабич1о.


Дагьабго гьими


Мух1амадг1арипил х1акъалъулъ харбал               

1999 соналъул рагъ байбихьилелде цебе, хасалил заманаялъ, Хаттабгун цадпхъ Буйнакскалде к1анц1арал боевикал нахъруссун Алмахъалдасан анна, гъоркьч1алие ункъо-щуго чиги вачун. Алмахъалде боевикал к1анц1ун ругилан раг1ун, Калининаулалъул г1адамал, жидер умумузул ракьалдасан Арал гьел теларилан абун, ярагъгун къват1ире рахъуна ва гьелго хъачагъазе нух кквезе рач1ун рук1арал солдаталгун гьезул БМПяздаги рек1ун анна. Чачаназулгун г1орхъода бугеб милициялъул посталдаса, дежурствоги лъуг1ун, х1ухьбахъиялъе рокъоре рач1унел Мух1амадг1арип вагьесул к1иго гьалмагъ росуцоялги дандч1ван гьелгун цадахъ уна… Г1амирил Кортоялда цо борхалъиялда щулалъи гьабун, Хаттабил къокъа т1асан бахинег1ан, рахчун гъоркьч1алида рук1арал боевиказ цебесеб танк кьвагьизабун, т1ад рук1арал Калининаулалъул г1олохъаби цояв ч1вана, цо чангояв лъукъана. Гьениб ккараб рагъалъул х1акъалъулъ доб заманаялда ОРТ каналалъ «щамат къоялъул репортаж» абураб передачаялдасан бицана… Добб кьвагьизабураб танкалъул цогидаб хьолбода  рек1ун рук1арал Мух1амадг1арип ва цо чанго ополченец кьвагьараб снарядалъул къуватаб карачелалъ г1азулъе рортизаруна. Гьениб къоялъ ккараб рагъалъул х1асилалда чанго ополченец медалазе ва орденазе вихьизавуна. Гьезда гъорлъ вук1арав милициялъул х1алт1ухъан Мух1амадг1арипиеги милициялъул рахъалъан батальоналъул командирас «Орден мужества» кьезе бихьизабун бук1ана. Амма гьеб «х1ажатал» цоги-цоги рук1араб къаг1идаха, гьелъул бак1алда Мух1амадг1арипие нилъерго Х1укуматалъул «Х1урматияб грамота» бач1ана. Даг1ба гьабулев чи гьев гурелъул, гьеб гьединго тана.   

Бот1рода кирпич кьабуна

 Боевикал рач1инелде х1инкъи бугеб г1орхъоде балагьараб милициялъул посталъул вышкаялда вук1ана Мух1амадг1арип дежурствоялда. Къаси-къаси нагагьлъун макьихани, бот1рода лъураб каскаялда к1ут1ун, макьу т1уризабизе гамач1 бук1ана гьес аск1об тараб. Цо сордоялъ макьу бач1ун, гьес, ругьунаб къаг1идаялъ, босун гамач1 щвезабуна бот1рода, каска бахъун бук1иналъул пикруги гьабич1ого. Макьидаса ворч1ани щиб, дагьав хут1ана гьев живго лъавудаса ине…

«Мама Азия»
   
  Цоясул магнитофоналдасан радалидасан ах1улебго ах1улеб раг1ун бот1ролъ рек1араб гьеб кеч1, какиеги чурун, как бухьилелде цебе, магнитофоналъул гьаракьалда цадахъго цадахъго раг1ун-раг1ич1ого тактърар гьабун борч1ун ана Мух1амадг1арипихъан. Аск1осан ина вук1арав батальональул командир Мух1амадида раг1ун руго гьел раг1аби. Мух1амадг1арип, как балевиланги абун, «Мама Азия» кеч1 ах1улев вук1унилан гьес бицараб хабаралъ, гьалмагъзабаз махсараби гьарун, тату хвезабун бук1ана Мух1амадг1арипил.

Гьит1инаб мех рак1алде щвезабун               

Цо къот1носан унаго, цоязул к1алт1а бухьараб квешаб х1ама г1анасеб гьой х1апдола Мух1амадг1арипиде. Гьит1инаб мехалъ жинцаго ралъаргъун гьаби толарел рук1раблъи рак1алдеги щун, гьелде иш- макьал гьаризе жувала гьев. Гьойдул х1апдей, терк1ей ц1ик1к1анаг1ан, гъира балеб бук1ана Мух1амадг1арипил ишараби гьелъие  гьаризе. Ахиралдаги, бухьараб рахасги т1ун, гьве гьесда хадуб лъугьуна. Гьеб хадуб гъелелде, аск1обго бук1араб цоязул кавуги рагьун, азбаралъуве к1анц1арав Мух1амадг1арип, гьениб гох1 гьабун бук1араб г1аздалъе вортун уна. Х1ат1ал гурони раккун рук1ун гьеч1о г1азулъан. Щибдай ккараб жоян рукъалъул бет1ергьанч1ужу къват1ие яккидал, кин-кинги т1адеги вахъун, нечарав Мух1амадг1арипица, щиб абилеб лъач1ого, ккараб жо бугеб х1алалда бицун буго гьелъие.   

                Дир носкиял кир?
 
Радал вахъун х1алт1оде г1едег1арав Мух1мадг1арипица носкиял рук1ана х1ат1азда рет1улел (дежурствоялде инаго, х1ат1ал квачан гурт1изе к1и-к1и ялъуни лъаб-лъаб носкиял рет1изе кколаан х1ат1азда). Цо х1ат1идаги рет1ун, к1иабилелда рет1изе, кире ккаралали, носкиял ратулел рук1инч1о. Рокъор ругезде жиндир носкиял ралагьейиланги абун, кивго хъирщадулев вук1ана гьев. Г1едег1иялъ, сундул ургъалида вук1аравали лъаларо Мух1амадг1арип, цо заманаялдасан гурони лъач1о гьесда  жинца киналго носкиял цого х1ат1ида рет1ун рук1ин.

               
                Салих1 Салих1ов


ПАЩМАНАБ ГЬИМИЯЛДАЛЪУН

                К1алдире ккеч1ел ц1урал хинк1ал

Дун гьит1инаб мехалдасанго раг1унаан, дир эбел-инсол ккараб цо лъугьа-бахъинналъул бицунеб росуцояз. Гьеб бук1ана рагъулабгон рагъда хадусел, халкъалда ракъи бихьарал сонал нахъаги тун рук1аниги, жеги бит1а-бишун кванида хадур г1адамал хадур гъеч1еб заман. Нижер мадугьалихъ рук1ана ц1акъ лъик1ал, цоцазе кумек гьабизе х1адурал г1адамал. Лъик1аб бербалагьи бук1ана цоцаздехун. Хасго к1очонаро Халатасул эбел, к1удияй ч1ужу, Г1алищайихил яс, Пат1имат. Наряд кьун, эбел-эмен колхозалъул хурире х1алт1оде индал, ниж лъималазухъ, рукъ-бак1алъухъ бербалагьи гьабулаан гьелъ. Дир эбел Х1алиматилги Пат1иматилги ( Мунагьал чураги гьезул), цоцазе кумек гьаби гуребги, бицунеб, цоцазе чучулеб хабаралъеги аск1оре щун гара-ч1валиялда рук1унаан гьел...
    Т1олго г1адамал колхозазде лъугьинарун, жиндирго рокъоб боц1и бугев чи къанаг1атги вук1инч1о росулъ хут1ун. Дир к1удияй эбел, Т1агьиратица кьураб г1ач1араб бече к1удияб г1ун, къинлъун, гьелъ дагьа-макъаб бук1аниги рахь бахъулеб бук1ун буго. Эбел йик1ана, киг1ан зах1матаб заман бук1аниги гьит1и-бикъинаб бугониги садакъа камизе толарей г1адан. Гьединлъидал, гьеб рахьги сундего т1ок1лъулеб жо бук1инч1о. Кинги цо-к1иго нисдал г1ерекъ бак1арун, цо къоялъ, колхозалъул хуриса щун, свакан, ракъун рук1ун, эбелалъ ц1оросаролъул г1ат1ал ц1урал нисдал хинк1ал гьарула. Релъун рахъаралго, гьел ц1орозе къват1ир рагьда лъола гьелъ. Дагьаб заманаялдасан, ц1орон ратилин гьел хинк1алан рак1алде ккун, къват1ие яккарай эбелалда, ахирисеб хинк1 к1алдибгон, мунагьал чураяв Батилмирзал  гьве лъутулеб бихьула… Гьелде бук1араб Джульбарс абулеб ц1арги к1очонаро жеги. 

                Ц1ул босизе бегьула.

   Дир эмен Г1али кколаан колхозалъул хурухъанги, боц1ухъаго, гьокочиги, кинабго гьабизе кколан, дол рагъул ва рагъда хадусел зах1матал соназ. Цо къоялъ нарядги кьун, Альбурил Отаралде гьоло бекьизе ун вуго гьав, оцазул гьакида баг1аргьалил къандалъоги лъун. Къаде нахъеялде гьоло хьазе бук1араб хурги лъугьун, дагьа-макъаб жо нахъе хут1ун буго гьалил. Кидалниги чияр г1ет1алде хиял гьабич1ев инсол, рокъоб квание гьеч1еб сурсатги рак1алде щун, пикру бач1ун буго бот1ролъе, гьеб хут1араб гьоло лъималазе квание рокъобе босизе бегьиладаян. Инсуца бицунаан, гьедин рак1алде ккарабго, цо рокьокъаб гъара-гъанц1и банила жиндир чорхода. Валагьин илбисалъ къосинавула вук1ана гури  живилан, пикроги гьабун, хехго, нахъе хут1араб гьологи, лъелъерлъанин ккарал бак1азде хьан лъугьинабун, рокъове ине, оцал гьакидаги ран, х1адурлъулев вук1ун вуго. Гьадиниса балагьарав инсуда, т1адехун бугеб рохьоса къват1иве лъугьун, чодаги рек1ун т1аде вач1унев, Идирисилан ц1ар бук1арав, ц1и тарав колхозалъул председатель вихьула. Аск1ове щварав гьев, чодаса гъоркьеги решт1ун, гьасде щибго абич1огон, гьакиде рехун ругел хулжалгон, къандалъо ч1инхъизе лъугьун вуго, балъго рокъобе гьоло т1ок1лъизабун бугищали( доб заманаялъ кодор колхозалъул хуриса дагьа-макъал кодор картошкаби ратунилан цо чангоял жанир т1амун руго. Доб заманаялъ ц1акъ сог1аб Сталинил закон бук1ун буго, закон о трёх колосяхиланги абун). Гьев Идирисги, гьокогун эмен, годек1ан къот1ун, т1асан вахиндал, цояс, Г1алицаги жиндего гьоло т1ок1лъизабилеб батилилан абураб жо уйиланги ккун, цоги бат1ияб нухасанги ун, доб рохьов вахчун ч1ун вук1ун вуго гьав эмен гьоло хьан лъугьизег1ан, гьесда хадуб халги ккун...Щибго жо гьакидаги батич1огон Идирис,чодеги вахун ине лъугьун вуго. Живго илбисалда къосинавизе к1унгурт1иялда воххиялъ, щиб абилеб лъач1огон, инсуца, нахъе инев вугев Идирисиде ах1ун буго, гьаниса гьаб ц1ул босизе бегьиладаян (хъархъие буссун, базе бак1 лъаларогон, босизе ихтияр къвариг1унареб бук1араб ц1ул).Гьесги, нахъцин вусинч1огон, бет1ер гьанк1изабун буго, бегьилиланги абун...






Айсул х1акъалъулъ харбал

Мунагьал чураяй Айсу йик1ана бег1ераб раг1иялъул ц1одорай ч1ужуг1адан. К1алъазе ккаралъуб абураб мух1канаб раг1уца к1алъалел чаг1и рук1алида ч1езарулаан гьелъ. Бицунеб жоялъулъ гьелъул г1ужилал раг1абаз кепаб асарги гьабулаан  г1енеккаразе. Г1емерал соназ, советияб заманаялда, жиндирго мунагьал чураяв росгун цадахъ росдал к1удияб тукен лебалго ва бажариялда х1алт1изабун бачана гьез.

Гьев дир подсобник вуго

Цо къоялъ росдал маслиг1атчи ц1ехон, гьоболлъухъ рач1ун рук1ана къват1иса цо г1адамал. Гьев жидеца ц1ехолев чиясул яц йигин  гьадаб тукадайилан цоясги бицун, гьенире жанире лъугьуна гьал. Ч1ух1арал гьалбалгун гара-ч1валулаго, подсобкаялъусан, кодоб ящикгун, х1алт1улаго рет1улеб басрияб халг1ат т1адгун вач1унев чи вихьидал, гьалбаз Айсуда гьикъула, гьадав чи щивилан. Бицунеб харбилъ махсаро-уяб бат1а гьабуларей гьелъ, завмаглъун вугев жиндипр росасул гьез гьикъидал, абун буго, гьев вугоха дир гьанив х1алт1улев подсобникилан…

Унтараб мехалъ

Цо заманаялъ, бусаде ккун, зах1матго унтун йик1ана  Айсу. Хасавюрталдаса унтаралде щвезе  к1удияй гьалъул яс яч1араб мехалъ, Айсуца абула, лъик1ин мун щварай, гьабехвай гьадав чиясе квен(цогидаб рокъов вугев росасде кверги бит1ун), дида яхъине к1ола гьеч1ин…, к1икъого сон баралдаса г1акаги росги хьихьун х1ажатал жал гуроан рокъор, пайда щибха, вокьулев чи г1аги гьев вук1инч1евани довег1ан телаан живгойилан. 

Бакуялде йиччай…

Бича-хисиялъулъ махщел бук1иналъ, Айсуги росги, цох1о райпоялдаса бач1унеб къаялъул г1ей гьабун ч1олароан. Гьел унаан, грузовикги т1алаб гьабун, рик1к1а-рик1к1адег1ан къаялда хадур. Айсуйин абуни Бакуялдегицин щолаан…
  Айсул рос вук1ана х1еренав, щивго чиясе жиндасан зарал ккеч1ев, амма к1алъазе ккани, г1емер хабар гьесулгун бицун хадуб гурони, жавабалъе калам жинца гьабуларев чи.
  Гьале цо къоялъ Бакуялде къай босизе ине рак1алде ккола Айсуде. Росасде гьикъун гьарула гьелъ, жий Бакуялде ине бегьилищилан, амма жаваб щвеч1огун, чанго нухалъ гьелъ такрар гьабула гьеб гьари…Ахирги росасдаса «у» я «гуро»ян жаваб щвеялдаса хьул къот1арай гьелъ, дуца раг1и абун бахъинелде, дун Бакуялдеги щун, къайгун нахъйуссунилан, абун буго…

Очередь кквезе вач1а

Айсул мадугьалихъ йик1ана, гьейгун Бакуялде къаялда хадуй цадахъ яхъуней гьалмагъ. Цо къоялъ, гьенире ине к1иязулго къот1и ккун бук1аго, гьей яч1уна Айсуде аск1ое ва рах1ат хун абула, росасул к1удияв вац Г1умар вугила жиделъуве  вач1ун. Рос разилъаниги,  Бакуялде ина йик1ин лъани, Г1умарица жий гьение йиччаларилан… Ч1ая цоян гьелдеги абун, аск1овго вук1арав цо гьит1инав вас вит1ула Айсуца Г1умарида хадув, жакъа хъах1аб «эмаль»-краска бугин бач1ине тукаде, дуего очередь кквезе вач1айилан ругьелгун(гьелде щвезег1ан Г1умарица т1ад къан бук1ун буго, доб мехалъ дефицитлъун бук1араб, гьеб хъах1аб краска тукаде бач1индал жинда лъазабейилан.)…
  Бакъанил г1ужалда, тукада цеве эхетун ч1ун ч1алг1арав Г1умарица, Айсул росасда гьикъун буго, бакъанит1агийищ тукаде къай бач1унебилан. Щиб кин ц1ехон, жалго Бакуялда ун рорч1изе Айсуца Г1умарие гьабураб х1илаяб махсаро бич1ч1ун, гьимун вуго Айсул рос…



                Дуе бокьаралъуве ваччила
 Гьит1инаб мехалъ, дунгон цадахъ ц1алулев вук1арав Мурадие эбел-инсуца бук1ана мотор т1ад бугеб х1ат1ил машина босун.Гьеб бук1ана, доб мехалъ. кутакалда лъималазе къиматаб жо, цогидал лъималазе щолареб. Цого гьеб х1ат1имашинадул квешаб жо бук1ана, квешаб гьелъул, росуго т1ад босизабулеб, хъуй.Рик1к1адасан раг1унаан гьелъул моторалъул гьаракь. Доб заманаялъ росулъ вук1ана, росдае кири к1удиял ишал жинца г1емер гьарурав, к1удияв чи, мунагьал чурагийин гьесул, кутаклда лъик1ав чи вук1ана. Цо къоялъ, г1емер гирдаризабулеб, доб моторалъулаб х1ат1илмашинадул гьаракь ч1алг1ун, гьев к1удияс Мурадиде абун буго, я дир вас, дица мун  бокьаралъуве мугъалда ваччун щвезавилаан, дуца гьеб х1ат1имашина къват1ибе бахъич1огон рокъоб толебанийилан.

                « Дун маг1арулав вуго»
Мунагьал чураяв, нилъер к1удияв г1алимчи Х1ажиг1али вук1ун вуго маг1арулчи к1одо гьавулев, т1олго маг1аруллъи хирияв чи. Маг1арулав студентасе экзаменалъухъ бищун нахъег1анаб гьес лъолеб къимат бук1ун буго, лъабил. Цо нухалъ, лезгияв студентас, экзамен кьезе к1веч1огон, Х1ажиг1алиде абун буго жив маг1арулав вугилан. Гьев щивали лъалев Х1ажиг1алица абун буго, мун маг1арулав гьеч1ониги, маг1арулав вугилан абиялъухъ жинца дуе экзаменалъухъ лъабил лъелилан.

                Верховный Совет
Доб  бук1ана Советияб заманаялъул къиматал раг1аби модаялде рач1ун, гьел бат1и-бат1иял жалазда ц1ар ч1валеб заман. Гьединал раг1абазда гъорлъ рук1ана Верховный Совет абурал раг1абиги. Цо росдал собраниялда абун буго, Верховный Совет абураб ц1ар, ножее хирияб сунда ялъуни лъида бугониги лъезе бегьулилан. Цо херав к1удияв чияс жиндирго х1амиде лъун буго гьеб ц1ар. Х1амиде Верховный Совет абураб хирияб ц1ар лъезе бегьилищин г1айиб гьабидал, херас абун буго, гьеб х1ама бугин жинде хер баччизеги, ц1ул баччизеги, щиб х1алт1и гьабизе кканиги кумекалъе бугеб, жиндир хирияб х1айванилан.

                Сулейманихъа чинква щай бахъараб?
Назиров Асиродиница бицараб харбиде байбихьилелде, цебераг1уе, бицинин, Алмахъ росу, гьениб бугеб сверухълъи буго баракат т1ок1аб бак1. Гьанже рохьазде руссун рук1аниги, отаразда цебе заманаялъ, г1умру гьабула рук1арал г1адамаз ч1арал пихъил гъут1би гьенир г1емер руго. Чинква-ц1улакьо, Моц1и-гени, Маг1арул гени, Армут-гени (Алмахъ-генийилан къват1ибехун ц1ар кьураб). Г1инт1и, жулан, х1анц, т1опи, г1исимохъ ва цогидал гьединал г1алхул пихъазулни нилъеца бицинаро…
  - Чанабилеб сон бук1арабали рак1алда гьеч1о, гьеб бук1ана чинква бак1аризе щвараб заман. Дир росуцояв Сулейман ун вук1ун вуго чинква бак1аризе Ахъташ лъар бахун довехун г1алхулъ бак1алъ биччан тараб цо ц1улакьодул ахикье. Гьениб бак1арараб чинквадул ц1ураб ункъго къандалъо, Дормикьа эхеде маг1арухъе унеб, ц1улал ц1ураб машинаялда т1адги лъун вач1ина вук1уна. Хал ккун вук1араб къаг1ида, участковый гьазде данде вахъун, нух къан ч1ола ва документал шофёрасдаса т1алаб гьарун, гьел рахъула… Жиндицаго х1алт1и гьабулеб бук1ин бихьизабизе бокьарав участковыяс, Сулайманил къандалъаби, гъоркье решт1инарун, сельсоветалъул складалде щвезарун гурони шофёрасухъе документал кьоларо. Протоколги гьабун, хадусан Сулейман судалде ккола, судалъин абуни щибго гьабич1огон тола, такъсираб иш гьелда гъорлъ батич1олъиялда бан… 
  Къокъго бугониги Сулейманилги бицине ккола цо дагьаб жо,гьев ккола кеч1 бахъизе щиб, гьеб ах1изеги гьунар бугев чи. Къоялъго гьабураб х1алт1и г1адада ккарав гьав пащманго г1одове къулун  вихьарал г1олохъабаз абула, щайила дуца участковыясде кеч1 бахъуларебилан. Къоялъ бихьараб г1акъуба  г1адада хун, рак1 къварид бук1аго кеч1 бахъун жинда бажаруларилан жаваб кьола Сулайманица…
     Гьедин Сулеймангон г1олохъаби ругелъурги тун вехехун решт1уна вук1арав, нилъее хабар бицарав, тохтур Асиродинида данде ч1вала эхедехун унев дов участковый. Щай дуца Сулейманил чинква бахъараб, гьанже гьес дуде бахъараб кеч1 лъалебани дудайилан к1алъала Асиродин гьесде. Участковыяс щиб кеч1илан гьикъидал, Асиродиница гьеб бак1алъго Сулейманицайилан ккезе, бахъун рик1к1уна гьал раг1аби:

                Дур тапанчаялъул чахъма бекаяв
                Ц1улал машиналда дун вач1унелъув
                Чан къанищ вук1арав къват1ив вахъине

                Складалъул дур к1улал щущаяв Азрам
                Чинквадул дир хъапал приход гьаризе
                Вортун вач1ун ч1анин тетрадь къаламгун
               
                Гьанже складалъул нукбигун г1унк1к1аз
                Киналго данделъун, х1укму гьабуна
                Росдал участковый, чин ц1ик1к1инабун
                Цо ц1ваялъ эхеде вахинавизе.

                Сулейман дуеги баркала гьудул
                Нижер ургъел гьабун, чабхъад вахъарав
                Нагагь дело гьабун судалде ккани
                Нижги х1адур ругел х1алай рач1ине
         
      Хадуб раг1уе бицани, баркала коч1олъ загьир гьабуниги, г1унк1к1азегун нукбузе балъаргъине халат хут1ич1о гьеб чинква-ц1улакьо, Сулейманица нахъе босана гьеб. Участковыясеги ц1ва бач1ине заман халат бахъич1о. 


                Г1урдал х1инч1

Хасавюрт базаралда цо базарган йик1уна ведро ц1ун, лъелъалъул гьабураб, урба цебеги лъун, гьеб бичулей. Йосарухъаналъе банкаялъубе гьеб урба т1олаго, гьелда гъорлъ, щибали бат1а бахъизе лъаларедухъ, хвараб г1унк1к1 батула. Гьеб щибжойилан гьикъидал, базарганалъ, г1адатияб жо г1адин, щибго х1ал хисизабич1огн, г1урдал х1инч1бугилан абула. 

                Сталинградалдаса Германиялде щвезег1ан…

К1удияб Ват1анияб Рагъулъ зах1матаб къо бихьарав, к1удияв херавчи автобусалде вахуна. Гьениб г1одов ч1езе бак1 бук1инч1огон, г1одор ч1арал цо-цоял, цогидал рахъинародаян зант1арана т1аде рахъине. Ахирги цо г1олохъанай ясалъ, т1аде яхъун, г1одов ч1аян абидал, херас, инкарги гьабун, абун буго, гьенив г1одовни кин гурин жив ч1олев, Сталинградалдаса вахъарав Германиялде щвезег1ан вилъун арав чи вугин живилан.         

            Шарикалъул обратныяб рахъ
Машинаги хун, гьелъие щиб ккарабали лъазе моторалде балагьулел рук1ана шофёргун т1ад цо к1игоял. Киг1ан ургъун балагьаниги, моторалъе ккараб жо лъалеб бук1инч1о Клапаналде эрга щун, гьелда квалквалаго, т1аде балагьун вук1арав Мухтарица, гъваридаб г1акъло кьолеб бугев чияс киниги, абуна, гьеб клапаналъул шарик нахъе бахъун обратнияб рахъаллъе сверизабун лъезе кколилан.

                Х1асанги гьоболги
Къиматаб хъулухъалда вук1ун, Х1асанил лъалел чаг1и  г1емер рук1ана. Ригь-ригьалда къват1иса рач1унел гьалбалги камулароан гьесул рокъоса. Гьедин цо къоялъ, гьобол т1адеги щун, Х1асан гьевгун цадахъ кваналел рук1ана. Квананги лъугьун, гара- ч1валулаго, гьезда  чай цебе лъун бач1ана. Бицуна-тола хабаргун,чайилъе чакар бан багъарулев Х1асанида халлъана, гьоболас стаканалъубе, гьеб бакьулъе бахун-бахинч1огон,  балеб чакаралда. Гьеб тамашалъун бихьарав Х1асан гьоболасухъ балагьун хут1ана. Гьоболги, гьав щай жиндихъ балагъаравали бич1ун, нечон, санаг1алъи гьеч1огон хут1ана. Х1алал буго вац дуе гьеб, дурго рокъобги гьедин чайилъе чакар дуца балеб батанийилан абун буго Х1асаница гьесда.

                Х1асанги Мут1алибги

Х1асанил бицани, гьев ккола узданаб лага- черхалъул, ригьалде заман бахуна бугев чи. Амма Мут1алибин   абуни, гьев вуго кьаралъиялъул гьан т1ад баччарав, виццат карав, ригьалъе Х1асанидаса г1емерго гьит1инав чи .   Цо къоялъ, хабар-к1алалда ругел Х1асанилги Мут1алибилги, сундасан бицен ккунали, гьезул хабар  мохмохиде бахана. Ц ояс жинда гьадиг1ан к1удияб кваназе к1олин гьеб, жинда дудасаги г1емер к1олин абун цогидав, гьедин к1иясулго хабар ккана,  Ахирги къот1и гьабула, гьоркьоб жоги бан, мохмох кваназе. Гьарун хинк1алгон, щуго килограмм бугеб мохмохги  белъун, цебе лъола ва гьеб к1ие бикьун, кваназе жорала гьал  Къечаразе бук1ине Х1асаница лъинги бач1инабула столалде. Виццатав  Мут1алиб хехго къечана, г1емер лъин гьекъезе ккана гьес, мохмох лъугьинабизе х1аракат бахъулаго. Амма Х1асаница, жинцаго лъин бач1инабуниги, гьеб к1алдибецин босич1о. Ахиралда мохмох кванан лъугьиндал, гьаг1о бач1инабун, гьеб т1аде гьекъана. Гьенив квеш лъугьарав Му1алиб метерисеб къоялъ больницаялде ккана. Цо чанго къо больницаялда бахъун хадув гурони гьениса виччаларо Хадусан годек1анир данд  ч1ван руго Х1асанги Мут1алибги. Хабар-к1алалда гьал рук1аго, Мут1алибица абула Х1асаниде унтун вук1арав жинде щвезег1аги щай мун вач1инч1евилан   Гьоркьоб жо балаго нилъер гьединаб къот1и бук1инч1илан жаваб гьабун буго Х1асаницаги гьесие.



«Бахьикъосалъул» толкови словарь


Сибирь – Россиялъул хъутан

Москва – Россиялда жаниб бугеб пачалихъ.

Россия – Москваялъул вилаят-колония

Хъазахъистан – СССРалъул цебе бук1араб хъутан
               
Каспий ралъад – Мах1ачхъалаялъул канализация чвахизе гьабураб  гвенд, х1ор-свери.

Сулахъ – ГЭСал х1алт1изарун, свакан г1азабалда бугеб г1ор.

Хасавюрт – базаразе г1оло г1уц1араб шагьар.

Дагъистан – халкъ мискинлъанаг1ан бечелъулеб х1акимлъиялъул улка 

Мах1ачхъала – Россиялъул  Дагъистан республикаялъул шагьаразда гъорлъ гьабураб конкурсалда бищунго лъик1аблъун рик1к1араб шагьар.

Каспийск – Х1алт1и гьеч1огон ч1арал ч1ах1иял заводазул гьит1инаб шагьар

Огни – ц1ералда гъорлъан шагьарилан кколеб бак1.

Дербент – г1иц1го щуазарго гурони сонал жинца рач1еб шагьар.

Кизилюрт – Ч1ик1аб ГЭСалъул сангаралъухъ гъоркьан т1аде х1инкъадго балагьун ч1араб шагьар

Кизляр – коньяк сабаблъун къват1ибехун жиндир ц1ар раг1араб шагьар.

Буйнакск – тахшагьаралъухъ мекъса балагьун ч1араб шагьар

Избербаш – Даш  лъалареб, баш льалареб, гьелъул иш къват1ибехун раг1ине толареб шагьар

Телевизор – г1адамазе маргьо бицунеб ящик.

Радио – телевизорилан абураб к1удияб ящикалъ нахъе хъилдараб гьит1инаб ящик

Компьютер – Бот1рониб гъунареб г1акъло-лъай жаниб лъезе ургъараб алат

Интернет – компьютерал цоцазде к1алъалеб зоб

Г1аракъи – Зах1малъиялдалъун роххел балагьич1огон, бигьалъиялдалъун пашманлъи балагьулев чияс х1алт1изабулеб жо.

МСЭК – Рекъдилаго т1аде рач1арал кьурдилаго нахъе рит1улеб бак1.

Больница – доб дунялалалде ине нух малъулеб бак1

Колледж – школалда ц1алулеб мехалъ лъач1огон хут1араб жо малъулеб бак1

Вуз - Лъай бугесе зах1матаб, лъай гьеч1есе бигьаяб ц1алулеб бак1

Университет – ц1алулеб бак1алде рекламаялъе г1оло лъолеб ц1ар

Академия – ц1ар к1удияб бук1аниги, гьит1инабго ц1алулеб бак1.

Министр – бищунго багьа хирияб должность

Администрация – «рахьалда» т1аса «т1орахь» бахъулеб бак1алде лъолеб ц1ар

Судья – рекъараб г1арац цебе лъуни бокьараб жо законгун рекъезабулев гьоркьохъан

Аблакат – адвокатилан абизе  херал маг1арулаз абулеб раг1и

Прокурор – судиявгун рекъон, цадахъ «г1уру бухъун»,  «т1ощалил» бач1иналъул бут1а т1алаб гьабулев чи

Кандидат наук – микьоялдаса бахъараб анц1ила щуго азаргоялде щвезег1ан долларалде бичун босулеб ц1ар

Доктор наук – кандидат наук абураб ц1аралъухъалдаса к1игог1аги нухалъ ц1ик1к1ун багьа кьун босулеб ц1ар

Доктор -  врачасул т1ок1ц1ар

Медсестра – унго-унгояй сестраялъулгун щибго бухьен гьеч1ей ч1ужуг1адан

Ветеран – ветеринаргун щибго хурхен гьеч1ев чи

Г1акаварач – г1иц1го г1ачиязе гурони дару-махх гьабизе лъаларев боц1ул врач

Г1ака – к1алц1иялъухъ, бартер гьабун, рахь кьолеб «базарган»

Дег1ен – г1иял рехъенгун вехьасе нухмалъи гьабулеб рух1ч1аголъи.

Х1елеко – саг1тида рекъезабич1еб будильник.

Чу – рек1арав къосаниги къосунареб х1айван

Пегас – Дингир-дангар чу

Машина – дуниял ч1алг1арасе кумек гьабулеб аппарат.

Иномарка – къват1ал г1ат1ид гьареян ч1араб машина

Тракторалъ абун буго, г1едерго унеб машинаялда хадубги балагьун, щурункъверкъалъ бищунго халатаб нух нахъа тарабилан.
Тракторалъул х1енцлъи бихьараб хехаб машинаялъ абун буго авария гьабун к1алагъоркье ч1ван бегизе бокьила гьедин гиризег1анилан
Лъаларо трактористасдаги шофёрасдаги раг1арабищ гьезул к1алъаяли.

Рагъ – квешал г1адамал г1емерлъидал кколеб лъугьа-бахъин

Квешал г1адамал – зах1матаб сухъмахънухасан инч1огон, бигьаяб шагъранух т1аса бищарал г1адамал

Рекъел – квешал г1адамал сабаблъун ккараб рагъулъ лъик1ал г1адамал хведал кколеб лъугьа-бахъин

Г1арац-месед – баракаталъул роцен дагьаб къиматлъи.

Жавгьар-якъут – тимар гьабураб гамач1





Что он вперёд поставил я назад поставлю…

Доб советияб заманаялда колхозалда х1алт1улезул арендаялъулаб система бук1ана. Т1ад лъураб план т1убани, планалда т1аде щвараб т1ощалил бач1ин колхозникасе хут1улаан. Гьеб арендаялъе кьолеб  планалъу къадар ч1езабулаан районалъул управлениялъул бухгалтералъ. Цо заманаялъ гьений бухгалтерлъун х1алт1ула йик1ана цо г1урусай…
  Колхозалъул цо арендаторас гьелъулгун г1арцодалъун бухьен ккун, колхозалъе кьезе кколеб планалъул къадар дагь гьабизе нух батун бук1ана. Гьеб лъарав цоги арендаторасеги рак1алде ккола дос г1адин дой бухгалтералде нухги бахъун арендаялъул план дагь гьабизе. Амма кодоб г1арац бук1унаро гьасул гьелъие кьезе. Гьасде рак1алде ккола хадусан, т1ощел бак1аридал г1арац гьелъие кьезе. Гьедин, дов цояв арендаторас цебе лъураб г1арац, жинца дуе  хадусалан нахъа лъелин абизе бокьарав гьес абун буго, что он вперёд поставил, я тебе назад поставлюйилан… Гьас бицараб жо мекъсайищ бич1ч1арабали лъаларо, бухгалтералъ гьесул рак1алда бук1араб жо т1обач1о.

Остап Бендерил кьолболал
============================================
Кассовый аппаратал ричун ин...

Дагьаб цебег1анисеб доб бартеразул заман бук1ана. Мух1амадие бизнесалъул х1асилалда к1удияб партия кассовый аппаратал щун рук1ана, амма багьа хириял гьел лъицаниги росулел рук1инч1о. Кинго щиб бат1ияб ах1вал-х1алалдаса нух батуларев чи гьев вук1инч1о...
Цо ц1акъ цере т1урал даран-базар цадахъал к1игоясде аск1ове вач1уна цояв кассовый аппаратал ц1акъ х1ажат ругиланги абун...Хадусеб къоялъ цогидавги вач1уна гьезде кассовый аппаратал къвариг1ун ругилан, багьа кьунги росилаанилан...Гьедин ана ункъго-щуго къо. Ахиралда Мух1амад живго уна гьел базаргабазде т1аде, кассовый аппаратал ругилан жинца ричулел оптовый багьаялда. Хабар халат гьабич1огун дол базаргабаз М1ух1амадил киналго аппаратал росула...

 Хурма бичулев бизнесмен

Жеги доб г1арац хисич1еб мех бук1анаГ1емераб хурмаги босун Мах1ачхъалаялде маг1арухъа вач1ун вичарула вук1арав цоясде аск1ове вач1уна цо чи, жиндир гьал микросхемаби ричейилан, къоло щуго гъурущалде унел жал руго гьел, дуца г1иц1го анц1го гъурущ ккезабе дихъе гьел ричун хадубиланги абун. Унго-унгоги,  дол микросхемаби г1одор хъвазе теч1огун ричун унел рук1ана къолощуго гъурущ цоялъухъги абун, гьеб ц1акъ хайирияб ишалда рази вук1ана хурма бичулевги. Гьале цо къоялъ дол микросхемаби гьасухъе кьолев чи вач1уна жндир заман гьеч1ила гьанже гьел ричизе, т1олабго партия гьел микросхемабазул босиларищила дуца, метер рек1ун унев чи вугин живилан. Хурма бичулес жиндихъго т1олго бак1арараб анц1ила анкьазарабго гъурщиде росула к1удияб партия гьел микросхемабазул...Амма гьелдаса хадуб т1ок1алъ микросхемаби ц1ехолел чаг1и гьасде аск1орецин раккич1о...Хадуб ц1ех-рех гьабун хадуб, гьел микросхемаби йилан абурал жал ратана  тукабазда камич1огун рук1унел, гъурущцин багьа гьеч1ел  радиоялъул г1иси-бикъинал х1ажат дагьал т1аг1елал
Салих1 Салих1ов

 Бананал рижулеб 20 гектаралъул роща...

Совет х1укумат биххараб заман бук1ана. Цоцоязе, лъим х1абургъиндал ракъдал раг1алде бач1унеб ччуг1а киниги, банказухъ бак1арараб г1арцол ч1ах1иял кредитал щвана, гьединазул цо къадаралъ бича-хиси гьабун бизнесалда х1аракат бахъулеб бук1ана. Гьединазул цояв кколаан Г1умар. Гьес машина ц1ун техника ва цогидаб къвараг1ел югалде баччулаан бичизе, нахъе ч1обого машина бачинч1огун Азербайджан мухъалъа пихъил ц1олаан ва гьеб цогидал регионазул шагьаразде баччулаан. Амма рук1ана жеги х1алт1улел советияб заманаялъул цо-цо законал, гьоркьо-гьоркьоб гаиялъулаз, г1арац босизе инкар гьабун, хал гьабизе т1алаб гьарулаан кколелщинал киналго документал, гьединал квал-квалалги камулароан нухда.
Гьале цо къоялъ Азербайджаналдаса к1удияб Камаз машина бананазулги  ц1ун Россиялъул цо шагьаралдехун унел рук1ана Г1умар гьалмагъгун. Волгоградалде щун гаиялъулаз гьезул машина ч1езабула ва т1алаб гьабула гьаздаса бананал г1езариялъул справка(доб заманаялда жеги х1алт1улеб бук1ана пихъ бича-хиси гьабизе ихтияралъе, гьеб г1езабиялъул бак1алъулаб справка  т1алаб гьаби ). Гаиялъулаз г1арац босич1еб къаг1ида гьазухъа, Г1умарица гьалмагъ вит1ула Мах1ачхъалаялжде росдал маг1ишаталулаз кьезе кколеб справка т1алаб гьабизе, г1арацги кьун. Г1емер кват1ич1огун гьалмагъги Мах1ачкъалаялдаса т1ад вуссуна, министрасул подпись т1ад бугеб печатьги кьабураб справкаги босун, Г1умарил Дагъистаналда 20 гектар бананал г1езабулеб роща бугилан т1адги хъвараб. Гаиялъулазе гьеб г1уна, ва т1ок1аб квал-квал гьеч1огун гьазул Камаз доз биччан тана...

Г1абдулг1азизил х1акъалъулъ харбал
======================================
Чачан бак1алъ рагъ байбихьун хадуб, нилъер военкоматазда рук1ана гьарун ополчениялъул г1уц1иял. Гьедин ополчениеялде гъорлъе лъугьун вук1ана Г1абдулг1азиз, гьелда хадуб доб Дагъистаналда рагъ ккун хадусала, гьев ккана рагъулаб часталде контрактниклъун, хадусан Россиялда къват1ирехун ругел Цхинвал ва Гори шагьаразда ккарал рагъазулъги г1ахьаллъизе ккана гьев...Г1абдулг1азиз вук1ана борхатаб къаркъалаялъул, къуват чорхолъ бугев лебалав чи, кинаб бук1аниги зах1матаб ишалъул ситуациялде кканиги, гьелъие гьес нух бахъулаан, щиб кканиги жаваб кьезе х1адурав киниги, к1алъазе бук1ана к1удияб махщелги. Гьединлъидал командирзабаз Г1абдулг1азиз старщиналъун т1амун, жидедего аск1овег1ан ц1ан вук1ана. Кинаб бугониги "Уставалдаса къват1ирехун" полевой условиязда кколел неординарный ситуациязда, хозяйствоялъул бук1а, цо-цо нухалъ х1ажалъулеб кванил сурсаталъул бук1а, гьеб т1алаб гьабун, солдатазул хьит-хьвац1а бича-хисиялъул суалазулъ бук1а, гьасулгун данд бан гурони щибго гьабулароан командирзабаз, бича-хисиялъул суалал гьасиеги лъин гьекъей г1адинаб жо бук1ана.Гьединлъидал бак1алъул г1адамазул х1алги лъалев, бер къапич1огун, сундасаго нахъе къач1огун, иш т1убалев Г1абдулг1азиз, дора Россиялда Уставалъулъе кколел гурони суалал т1уразе кколарел рук1арал офицерзабазе гьав вук1ана г1иц1го г1одоб батараб хазина г1адинав чи... 

Х1ат1алъеги бит1изабун кьвагьизе кколаан

Ополчениеялде лъугьун г1емер заман инелде, рукъове вач1ина вук1арав Г1абдулг1азизиде данде лъугьуна, гьекъараб мехалъ жидеца щиб гьабула бугебали лъаларел цо г1олохъабазул руккел, гьасухъа автомат бахъизейилан. Аск1оре рач1ина ругел гьезие къвараг1араб жо лъалев Г1абдулг1азизица гьезул бут1рузда т1асан автоматалъул очередь биччала, г1олохъаби нахъе к1анц1ула...
Хадусеб къоялъ гьас г1адамазде автомат кьвагьанилан военкомалде бач1араб г1арзаялъ ах1ула военкомас Г1абдулг1азиз ц1ех-рехалъ. Ккараб жо бицун мух1канлъидал, гьес гьабураб жоялда разилъарав военкомас махсароде абун буго, дуца мекъаб гьабун бугин бут1рузда т1асан автомат кьвагьи, гьеб х1ат1аздеги балагьизабун кьвагьизе кколаанин дуцайилан.

Гьеле нижее баркала

Доб нилъер гьаниб рагъ байбихьилелде цебесеб сон бук1ана. Ополчениеялъулал рук1ана рохьилъ бугеб цо к1удияб г1алахалда рагъулаб учениеялда т1ад ран...Гьале гьедин уна гьазул чанго къо, амма щаяли  ополченеялъулазе бач1ине кколел продуктал нахълъула, чанго къоялъ г1иц1го чедгун-лъималда хут1ула гьал. Ракъун, щиб гьабилеб лъаларогун рук1арал г1олохъабазда бихьула гьениб рохьил раг1алда кваналеб сапун г1адин кьарияб цо баси (оц г1анасеб г1еч1еб гванзаб х1айван) ва къот1и ккола балъго гьеб хъвезе... Амма балъго жо х1ебт1улишха,  хадусеб къоялъ вач1уна х1айваналъул хважаин т1аде. Ополченцазде вагъизе жувала ва лъазабула жинца гьеб милицициялда лъазабизе бугилан. Г1олохъабазда гьоркьосан вахъун  вач1уна Г1абдулг1азиз дов хважаинасде цеве:
- Гьале нижеца хъуна дур х1айван, кье дурго милициялде, амма ях1 гьеч1еб иш гьабула вугоха мун, капурго хвезе тезе кколеб бук1ун буго дур гьеб баси
- Капурго хвезе ккани дир гьеб х1айван унтун бук1инч1огури-ян жаваб кьола хважаинас
- Щокърониб г1ечги къан хола бук1аралъуб хъуна г1олохъабаз дур баси, гьебищ гьанже гьелъухъ нижее баркала, г1адамасе лъик1лъи гьабизе бегьилеб бук1ун гьеч1о, босе нахъе дурго х1айваналъул гьанги, кье ниж милициялде-йилан жаваб гьабула  Г1абдулг1азизица. Гьас бицараб жоялъ х1еккинавурав, хважаин ополченцазда т1аса лъугьуна ва х1айваналъул цояб бохги босун нахъе уна, хут1араб гьан гьазиеги тун.

Нужеца жаваб кьелеб гьелъул

Г1абдулг1азизица  хъулухъ гьабулеб бук1араб рагъулаб часталъул подразделениеялъ передислокация гьабун, бак1 хисулеб бук1ана. Командирас ах1ун Г1абдулг1азизиде, ц1ияб бак1алъ кванил сурсатазул хадубгъей ккзег1ан, квание г1арац х1ажат бук1инги бич1инабун, гьикъула, складалда г1емерлъараб рагъулаб хинаб рет1ел, хьит-хьвац1а бичун инадайилан...Гьедин рагъулаб к1удияб машинагун къват1иве унелъув командирас т1адкъай гьабула гьесда, нагагь т1ад ккуни, рехун гьебги тун нахъе лъвине г1амал гьабейилан, жинда мун хвасар гьавизе к1везе гьеч1илан...
Чачан мухъалъ бищунго сог1аб блок-посталде щун, гьезул спецлужбаялъ ч1езабула гьазул машина ва гьабула проверка, гьеч1елъул къвариг1унел документалги, командирас абураб гьабун лъутизе г1амал гьабуни гурони... Кин щиб гьас бицаниги, блок-посталъулал къуркьизаризе к1олел рук1инч1о, машина биччазе къвариг1ани к1удияб г1арцул къадар кьейиланги ч1ун...
- Гьедин батани дун гьаниса нахъе ина вуго, гьаб машинадулги, гьениб жаниб бугеб къаялъулги нужеца кьелеб жаваб-иланги хъач1го доздеги абун,Габдулг1азиз лъелго нухде вахъуна. Гьасухъа г1арац щолареблъи бич1ч1арал блок-посталъулаз, Г1абдулг1азиз машинагун унго-унгоги дислокациялъул ишалда ватилинги ккун, гьев нахъе ах1ана ва машинаги бачун айилан виччан тана...

Ток кьолеб генератор

Цхинвалгун гуржиязул Гори шагьаралда сверун ккарал рагъалги лъугьун, нахъ руссунел рук1ана нилъерал. Гьениб гуржиязул рехун тараб рагъулаб техникагун цадахъ батараб, ток кьолеб къиматаб генератор жидерго машинаялда нахъаги бан  бачуна Г1абдулг1азизица. Амма Россиялъул г1орхъоде щведал. нилъеразул пограничниказ гьал ч1езарула  гьабула генераторалъул ц1ех-рех ва т1алаб гьабула документ.
-Доре рагъулъе ниж инаго щай нужеца гьаб генераторалъул документ т1алаб гьабич1еб, нахъеялъул рач1инагун гьабич1огун-илан абула Г1абдулг1азизица, унго-унгоги гьеб генератор доре рагъулъе инагоги цадахъ бук1арабиланги ккезабун. Абизе жо батич1ел пограничниказ гьал т1ок1аб квал-квал гьабич1огун риччан тана, доб къиматаб генераторгун цадахъ...

Раг1уда хадуб абила  Дагъистаналда ва Чачаналъ рук1арал рагъул частазул офицерзабазе бигьа бук1инч1о жидер иш, хъулухъ т1убазабизе. Снабжениеялъул суалал рук1а, рук1а-рахъиналъул ва цогидалги бат1и-бат1иял зах1малъаби рук1ана гьезда цере, амма нилъер лебаллъи т1ок1ал контрактникал жидеда цадахъ  рук1иналъ, командирзабазе к1удияб квек1ен бук1ана гьездасан. Дида лъала, масала, бат1и-бат1иял частаздасан рукъоре щвезе рач1унаан ригь-ригьалда контрактникал, Калининаулалдаса Батирхан, Батир, Г1иса, Ленинаулалдаса, мунагьал чураял старщина Юсуп ва офицер Рафаил, Хасавюрталдаса Шамиль ва цогидалги, гьел рит1улаан командирзабаз, контракталъул заман лъугьарал рук1а, отпускалде унел рук1а, командировкаялде унел рук1а, г1урусазул солдатал ва офицерзаби нухар рег1изе, щай гурелъул г1урусчаг1и х1инкъизарун, гьезухъа г1арац бахъизе х1адурарал хъамалча1и, гьелгун хурхарал таксистал ва цо-цо камуларел квер мекъал милициялги рук1унаан нухазда, гьединаб къиматаб х1алт1иги т1убазабулаан нилъераз, чанги квал-квал ккезе теч1огун нухда рег1араз баркала загьир гьабун батила гьезие. Дида лъалел гьел киналго отделениеябазул командираллъун, замкомвзводалъун, ротаязул старщинаяллъун ва цогидалги жавабиял должностазда рук1ана, казармаязда г1адлу гьабизе лъик1ал рук1иналъ тарал. Амма цо-цо кепал ишал ккеч1огунги хут1илишха гьединал бак1аздаги


=========================================================


"Ц1иял" учительзаби
======================
Скобкаби х1ажалъич1о

Мусаца рукъобе кьун бук1араб халатаб скобкабиги гъорлъ бугеб мисал, гьабизеги бажарич1огун, компьютер х1алт1изабун, гьелъул кумекалдалъун гьабун бук1ана, амма исана яч1арай ц1ияй учителалъ мисал мекъса гьабун бугилан абула гьесда. Мусаца абула жиндир мисал бит1ун гьабураб бугилан, амма учителалъ гьесул тетрадалда гьабун бихьизабула гьеб  мисал. Ахиралдаги Мусаца бицуна жинца гьеб мисал компьютералъул кумекалдалъун гьабун бук1анилан... Хадуб баянлъула, ц1ияй учителалда арифметикаялъул ункъабго действие гьабизе лъаниги, мисалазда гъорлъ скобкабазул кинаб х1ажалъи бук1унебали лъалеб гьеч1еблъи. 

Я тебе бить буду...

Цо росулъа ресалда вугев чиясул педагогасул диплом бугей цо яс, школалде х1алт1изе т1амуна. Цо къоялъ дарс кьолей йик1арай гьалъ, цо г1адло г1емер лъик1аб гьеч1ев васасдехун йуссун абула:
- Я тебе бить буду-йилан, амма гьев г1одове вуссинч1еб мехалъ нахъеги гьесде абула:
- Иди к доску-йилан

Назирил г1акъло

Х1алт1улъ опыт к1удияв учитель Назирица цо гара-ч1валулелъуб абуна, нилъер педагогияб университеталда информатика кьезе бажари бугел, компьютер лъик1 лъалел учительзаби ургъунго х1адуруларила. Щай гурелъул гьеб рахъалъан учительзабазе лъик1аб лъай щвани, учителасе бач1унеб дагьа-макъаб харжалъухъ, гьез школалда х1алт1и гьабизе бук1инч1ила ва гьединал учительзабаз компьютералъул лъай х1ажатаб х1алт1и школа тун къват1ибехун т1алаб гьабизе бук1анилан. Гьединлъидал школазда информатикаялъул дарс кьолел учительзабазда компьютер бакизеги свинабизеги гурони гьеб х1алт1изабизе бажаруларила

Внимательный падеж

Исанасеб соналъ яч1арарай ц1ияй учительницаялъул дарс бук1ана. Урокалда падежазул бицунеб бук1ана. Цо ц1алдохъанасде щиб падежан гьикъун, гьес винительный падеж бугилан жаваб кьедал, учительницаялъ абула мекъаб бугин, винительный падеж бук1унарин, гьеб бугин внимательный падежилан абула...Гьей дипломированный учитель, школалдаго ц1али щакаб жо буго, школалда азарц1олцин г1урус мац1алъул дарсазда рицунел гьел падежал педагоглъун ц1алич1ониги рак1алда ч1езе кколаан...

Арсамирзал х1акъалъулъ хабар

Мунагьал  чураяв  Арсамирза вук1анаг1адамазул хъулухъ т1обалев, ц1акъ рази-ракияв лъик1ав чи. Живгоги гьев кверзулъ махщел бугев чи кколаан гьев, бук1ана рукъоб къебеллъи, Ахъташ  лъарал раг1алда бук1ана гьес жинцаго гьабураб гьобоги. Гьеб гьобо бук1араб байданлъиялде гьанжеги ц1ар буго Гьабиг1урдалъийилан…
Арсамирза вук1ана махсарачиги. Гьес цогидазе гьабулебг1адин, гьесиеги камулароан махсаро гьабулел г1адамал…
Гьале цо къоялъ гьабихъе ханжу хине яч1уна цо ч1ужуг1адан. Гьедин яч1арай гьелда гьикъа-бакъи гьабулаго, Арсамирзаца гьикъула , росулъ бат1ияб хабар щибин бугебилан. Гьасие чунлъаб махсаро гьабизе бокьарай гьалъги абула, армиялдаса т1ад вуссун Асильдер вач1ун вугилан бугоха бицунебилан, гьев Асильдер Арсамирзал вас вук1ин лъалареб ххвелги гьабун. Гьей  ч1ужуг1адан ханжу ххенолей гьабихъги тун росулъе г1едег1ула Арсамирза. Рукъовеги щун, живго дой ч1ужуг1аданалъ махсараде ккун вук1ин бич1ч1арав Арсамирза, хехго  гьабихъе нахъе щола. Х1ела-свериялда жанивеги лъугьун,  жиндирго кверзул  алатазда гъорлъ  ч1инхъаризе жувала…
Арсамирзае ккараб жо лъач1ей  гьей ч1ужуг1аданалъ гьикъула, щиб ккараб жо, мун рукъове щваравищилан. Гьасги, гьелдехун г1емер к1вар гьабич1огон, рукъове щвезе заман бук1инч1о, вертолёт бугоан росулъ решт1ун  ч1ун.моторги хун, гьеб къач1азе алатазда хадув вач1ун вугин живилан  абула. Киданиги аск1об ч1ун  вертолёт бихьич1ей гьай, алатал «ралагьулев» Арсамирза вугелъувги тун, росулъе екерула, гьениб  «решт1араб» вертолёт бихьизе…
Бахьикъосалъул толкови словарь

Дагъистан – Россиялъул  квешаб рахъалъулъан бук1инесеб лъазе г1уц1араб лаборатория

Коррупционер – жиндир хъизан-агьлуялъе дуниялалъул буголъи нахъа ч1езабизелъун лъугьарав х1аким, хъулухъчи


Трактор бехъерхъараб  мотоцикл

 Салман кколаан лъараг1лъиялда бугеб хъутаналда лъел рахъал х1алт1изарун, совхозалъул хурзал лъалъазе тарав чи. Салманил х1акъалъулъ бицани, гьев ккола бер къанщич1огон, к1алъалесул щаклъи ккеларедухъ гъваридаб махсаро гьабулев, рак1 аваданав кополав чи…Аск1об-сверухъ цоги рукъ гьеч1еб гьеб авлахъалда, Салманил сорода решт1ен гьабулаан совхозалъул цо-цо хъулухъчаг1аз. Гьасул гьаниб машина ялъуни мотоциклги тун, жиде-жидер х1алт1и т1обазабизе унаан гьел.  Гьедин цо къоялъ Салманил рокъоб жиндирго гьит1инаб «Минск» мотоциклги тун, г1иязухъ балагьизе уна, т1аде вач1арав ветврач Х1ажи. Х1алт1и т1убазабун нахъе ине т1ад вуссун, сороде вач1ун, мотоцикл боркьизе жувала гьев. Амма щаяли, киг1ан моторалъул рычаг мерхьаниги гьеб бакизе к1олеб бук1инч1о. Щибда мотоциклалъе ккараб жоян Х1ажи вук1аго, аск1ове вач1ун Салманица абула:
 - «Я гьудул гьеб дур мотоциклалда унго-унгоги бук1ун бугеб къуват щиб, дирго "Днепр" мотоциклалдаса рак1 анагури дир, дуца хисани дица гьеб  кьелаан гьелъухъ дуе…Щиб ккараб жоян Х1ажица гьикъидал, Салманица нахъеги т1аде жубана:
 -  Г1умарица гьадаб к1удияб «Т-150» боркьизе к1веч1ого, дур мотоциклалда нахъаги бан, гьелда бехъерхъизабуна доб трактор. Гьебги щиб квач1и-квач1ид ч1ун, ч1ег1ераб к1к1уйги нахъе балаго дур мотоциклалъ, пресс хадуб бараб доб трактор бехъерхъараб куц бихьизеан дуда цо, гьединги гьеб трактор боркьизабизе к1вана дур гьеб "Минскалда»-илан…
Салманица абураб жо уйиланги ккун, жиндирго, лъихъего бачинецин кьолареб бук1араб мотоциклалъе   «кьун» тун батараб г1азабалъ, ццин гьалаглъарав Х1ажи, батанщинаб квешаб жоги, аск1овго г1еч1ев Г1умаридеги рик1к1унаго, боркьизе к1веч1еб мотоцикл нухасан цебеги цун гиризабулаго, гьениса нахъе вилъана….
               

ФИЗИКАЯЛЪУЛ ЗАКОНАЗДА КИДАГО ГУРЕБ  МУГЪ Ч1ВАЙ ГЬАБИЗЕ БЕГЬУЛЕБ

Цо къоялъ Аюп вук1ана ручкаги хъвадарич1огун, гьелъул жаниса пастаги бахъун, к1алалъ цин пун цин нахъе ц1ан, гьеб паста хъвадаризабизе к1оларищали х1ал бихьулев. Ахиралдаги к1ут1буз данде къараб гьеб лъик1го нахъе ц1араб мехалъ, циндаго пастаялъуса щакъи к1алдибе бач1ана Аюпил. Гьелъ бец1хъах1ил гьарурал цабигун мац1 чуризе хехго ваннаялъуве векеризе ккана гьев. Г1емерц1ол к1ал хулизе ккун, гьеб бац1ц1алъараб мехалъ нахъе вач1арав Аюпица г1ажаиблъи гьабун абуна, физикаялъул законазда рекъон гьеб щакъи жиндир к1алдибе ине кколароанилан. Аюпида лъик1 лъаларищ физикаялъул законал, гьев инженер-строитель вугелъулха, амма физикаялъул законазда гурелъулха кидаго мугъч1вай гьабизе кколеб...   

               

                Рахь кьеч1еб "г1ака"
Абакарх1ажие Зульфия  ячун  г1емер заман ун бук1инч1о. Цо къоялъ якьадалъ ц1ияй бах1аралде абула, бокьоеги ун жиндир г1ака беч1ч1ейилан. Жеги х1айваналде аск1ое къач1ей Зульфия, гьеб якьадалда лъалебилан нечон, щибгоги гьелде абич1огун бокьое уна. Бокьор русснида рухьарал х1айваназулъ бищун к1удиялде аск1оеги ун гьелъул  "гъвари" ц1ац1азе жояла Зульфия, амма щибго рахь гьалъул ведроялъубе бач1унеб бук1инч1о... Г1емер заман инелде хадуйго бокьое яккарай якьад тамашалъун хут1ула, оцалде гъоркье ведроги ккун, гьеб беч1ч1изе х1аракат бахъун, оцол "гургинлъи" ц1ац1алей  Зульфия йихьараб мехалъ...



Г1арац, къарзгун налъи...

Дир цо лъалев чи Г1абдуразакъица гьарана дида, цо суал бугоанила жиндир газеталде бахъун лъазе бокьараб, хъван бит1ейила гьеб "Х1акъикъаталде"...Жиндихъе г1емер чаг1и рач1унила къарзалъ г1арац кьейилан, гьезул бадивеги балагьун кьеларилан абизе жиндаги к1оларила. Амма кьун хадуб г1емерисел гьел г1адамал х1ал хисун бат1иял чаг1илъун лъугьунила, лъик1ал лъалел чаг1игицин гьеб жинхъа г1арац щваралдаса рихьизе ц1акъ къанаг1алъулила, г1емер заманги ун хадуб дир нервабиги хвезарун гурони гьеб налъулаб г1арацги нахъ буссинабулариларила.  Моц1идасан нахъ буссинанабизейилан араб г1арац, к1иго сон г1унила цояс нахъе щвезабуларогун. Цебе жинца къарз босизе ккараб мехалъ, гьеб нахъе кьезе заман щун щуго минут инелде рекерун рач1унаанила жиндир рукъоре г1арцул бет1ергьаби, къарзалъ босараб г1арац нахъе босизе...
Г1адамасул х1ажатаб хъулухъ т1убай беццараб ва кири г1емераб бугилан кидаго бицуна батана, х1ажат ц1ик1к1араб мехалъ къарз босич1огунги рорч1уларелъулха... Амма доб цебезаманалъго цо г1акълучияс, дуе тушман къвариг1ун ватани, къарзалъ г1арац кьейилан абурал раг1абалъги гъваридаб маг1на буго. Гьелъго батила, цо мажгиталъуве как базе вач1арав маг1аруласде цояс абун буго, мун ч1вазе къвараг1ун цояв вугин къват1ив гъоркьч1алида ч1унилан. Дица чиясе лъик1лъи гьабун бук1инч1огури, дун гьес ч1вазе кканийилан жаваб гьабун буго гьев маг1арулас...
Киналха рит1арал кколел, къарзалъ г1арац кьолелищ, гьеб кьоларелищ? Г1абдуразакъица абуна жинде гьеб суалалъе ч1ван-къот1араб жаваб кьезе лъиданиги к1веч1илан...
Гьединлъидал дида рак1алде ккана гьеб Г1абдуразакъил суал "Бахьикъосалъул"г1акълучаг1азда цебе лъезе. Гьарула гьелъие жаваб кьун комментариял гьареян

Шарипил хабар
Къороллъуда вугев цо к1одолъиялде ригь ина бугев чи Г1умарица годек1аниб абун буго, гьаб газалда рек1унеб хъах1илаб ц1а рек1аги нилъер гьанибе газ бачараздайилан. Гьес бицунеб жоялъул маг1на лъазе бокьарал  г1енеккараз щай гьедин абулебилан гьикъидал, Г1умарица абун буго, цебе газ гьеч1еб мехалъ ц1ул бич1ине к1унгурт1иялъ, бокьунгурт1иялъ россасе инч1огон рорч1улароанила руччаби, гьанже газги бач1ун, ц1ул бич1ине ккунгурт1иялъ рах1ат щун, гьезие россалги къвариг1ич1огун, ч1ужуги гьеч1огун хут1ун вугин живилан


Дун хведал гьевищ вач1ине вугев зигаралде...

Цо росулъ къадар ккун чиги  хун, зигаралде ина вук1арав цоясда данд ч1вала Х1асан. Вилъа дунгун цадахъ зигаралдейилан гьалмагъас абидал, дун метер ина гьенивейилан жаваб гьабула Х1асаница, "дагьа-дагьаб жо"жинцаго чохьонибе ккезабун бук1ин зигаралда ругезда лъазе бокьич1огун. Нахъеги, аск1обго бугеб бак1 бугин гьеб, вилъа т1аса ккезабе зигар гьабийилан абун т1адхун ч1ола гьалмагъ.
-Дун хведал довищ вач1ине вугев дир зигаралде дун гьениве ине ккани - ян абула Х1асаница, гьалмагъасда, щай живго зигаралде ине бокьун гьеч1еблъи бахчун, цоги бат1ияб г1илла  мац1алдеги бач1инч1огун.

Гьале гьесие Саратов...

Хабалазул раг1алдасан унев Камилида гьенив цояв вихьула хоб бухъулев. Гьеб лъие бухъулеб бугебилан гьикъидал дос бицуна щив хун вугевали.
- Вах1 гьев кин холев, сон къоялъго нижгун цадахъ гьекъолдила вук1ана гьев чи...
- Сон нужгун вук1ун ватила, жакъаялде хун вугоха...
- Гьев хвезе рес гьеч1о, метер Саратовалде инейилан вук1ана гьев чи - ян, ккараб къадаралда божизе к1оларогун, нахъеги абуна Камилица.
- Гьале гьесие Саратов-иланги абун х1алт1и ч1езе теч1ого, белалъ ракь хьваг1ана хоб бухъулес


Казбек районалда поезд...

Росулъе яч1арай цо яс рек1ееги г1ун, гьелъул решт1ен бугеб рукъалъухъ женжедилев вук1уна Мух1амад, гьей йихьилародаян... Кинго гьенив халалъун ях1 хун, гьес рукъалъул кавуялда к1ут1ула, гьей яс къват1иехун яккилародаян. Амма гьелъул бак1алъ рукъалъул бет1ергьанч1ужу яккула гьенисан.
-Щиб къвариг1араб жо-ян ццидалъго к1алъала, Мух1амадие къвариг1араб жо бич1ч1арай дой ч1ужу.
-Гьей  яс яч1инег1ан гьелъухъ балагьун ч1ун буго гьадаба поезд-илан абун борч1ун уна, абизе жо лъач1огун виххарав гьасухъан...
Г1ажаибаб жо, гьелдаса хадуб ана чанго сон, Казбек районалде поездалъул нух щвеч1ониги, Мух1амадил г1умруялъул нух, маххул нухалгун хурхана, гьев вагоналъул бригадирлъунги ц1алун, гьанже поездалда х1алт1улев вуго... 
Салих1 Салих1ов


Остап Бендерил кьолболал
============================================
Кассовый аппаратал ричун ин...

Дагьаб цебег1анисеб доб бартеразул заман бук1ана. Мух1амадие бизнесалъул х1асилалда к1удияб партия кассовый аппаратал щун рук1ана, амма багьа хириял гьел лъицаниги росулел рук1инч1о. Кинго щиб бат1ияб ах1вал-х1алалдаса нух батуларев чи гьев вук1инч1о...
Цо ц1акъ цере т1урал даран-базар цадахъал к1игоясде аск1ове вач1уна цояв кассовый аппаратал ц1акъ х1ажат ругиланги абун...Хадусеб къоялъ цогидавги вач1уна гьезде кассовый аппаратал къвариг1ун ругилан, багьа кьунги росилаанилан...Гьедин ана ункъго-щуго къо. Ахиралда Мух1амад живго уна гьел базаргабазде т1аде, кассовый аппаратал ругилан жинца ричулел оптовый багьаялда. Хабар халат гьабич1огун дол базаргабаз М1ух1амадил киналго аппаратал росула...

 Хурма бичулев бизнесмен

Жеги доб г1арац хисич1еб мех бук1анаГ1емераб хурмаги босун Мах1ачхъалаялде маг1арухъа вач1ун вичарула вук1арав цоясде аск1ове вач1уна цо чи, жиндир гьал микросхемаби ричейилан, къоло щуго гъурущалде унел жал руго гьел, дуца г1иц1го анц1го гъурущ ккезабе дихъе гьел ричун хадубиланги абун. Унго-унгоги,  дол микросхемаби г1одор хъвазе теч1огун ричун унел рук1ана къолощуго гъурущ цоялъухъги абун, гьеб ц1акъ хайирияб ишалда рази вук1ана хурма бичулевги. Гьале цо къоялъ дол микросхемаби гьасухъе кьолев чи вач1уна жндир заман гьеч1ила гьанже гьел ричизе, т1олабго партия гьел микросхемабазул босиларищила дуца, метер рек1ун унев чи вугин живилан. Хурма бичулес жиндихъго т1олго бак1арараб анц1ила анкьазарабго гъурщиде росула к1удияб партия гьел микросхемабазул...Амма гьелдаса хадуб т1ок1алъ микросхемаби ц1ехолел чаг1и гьасде аск1орецин раккич1о...Хадуб ц1ех-рех гьабун хадуб, гьел микросхемаби йилан абурал жал ратана  тукабазда камич1огун рук1унел, гъурущцин багьа гьеч1ел  радиоялъул г1иси-бикъинал х1ажат дагьал т1аг1елал

 Бананал рижулеб 20 гектаралъул роща...

Совет х1укумат биххараб заман бук1ана. Цоцоязе, лъим х1абургъиндал ракъдал раг1алде бач1унеб ччуг1а киниги, банказухъ бак1арараб г1арцол ч1ах1иял кредитал щвана, гьединазул цо къадаралъ бича-хиси гьабун бизнесалда х1аракат бахъулеб бук1ана. Гьединазул цояв кколаан Г1умар. Гьес машина ц1ун техника ва цогидаб къвараг1ел югалде баччулаан бичизе, нахъе ч1обого машина бачинч1огун Азербайджан мухъалъа пихъил ц1олаан ва гьеб цогидал регионазул шагьаразде баччулаан. Амма рук1ана жеги х1алт1улел советияб заманаялъул цо-цо законал, гьоркьо-гьоркьоб гаиялъулаз, г1арац босизе инкар гьабун, хал гьабизе т1алаб гьарулаан кколелщинал киналго документал, гьединал квал-квалалги камулароан нухда.
Гьале цо къоялъ Азербайджаналдаса к1удияб Камаз машина бананазулги  ц1ун Россиялъул цо шагьаралдехун унел рук1ана Г1умар гьалмагъгун. Волгоградалде щун гаиялъулаз гьезул машина ч1езабула ва т1алаб гьабула гьаздаса бананал г1езариялъул справка(доб заманаялда жеги х1алт1улеб бук1ана пихъ бича-хиси гьабизе ихтияралъе, гьеб г1езабиялъул бак1алъулаб справка  т1алаб гьаби ). Гаиялъулаз г1арац босич1еб къаг1ида гьазухъа, Г1умарица гьалмагъ вит1ула Мах1ачхъалаялжде росдал маг1ишаталулаз кьезе кколеб справка т1алаб гьабизе, г1арацги кьун. Г1емер кват1ич1огун гьалмагъги Мах1ачкъалаялдаса т1ад вуссуна, министрасул подпись т1ад бугеб печатьги кьабураб справкаги босун, Г1умарил Дагъистаналда 20 гектар бананал г1езабулеб роща бугилан т1адги хъвараб. Гаиялъулазе гьеб г1уна, ва т1ок1аб квал-квал гьеч1огун гьазул Камаз доз биччан тана...



"Ц1иял" учительзаби
======================
Скобкаби х1ажалъич1о

Мусаца рукъобе кьун бук1араб халатаб скобкабиги гъорлъ бугеб мисал, гьабизеги бажарич1огун, компьютер х1алт1изабун, гьелъул кумекалдалъун гьабун бук1ана, амма исана яч1арай ц1ияй учителалъ мисал мекъса гьабун бугилан абула гьесда. Мусаца абула жиндир мисал бит1ун гьабураб бугилан, амма учителалъ гьесул тетрадалда гьабун бихьизабула гьеб  мисал. Ахиралдаги Мусаца бицуна жинца гьеб мисал компьютералъул кумекалдалъун гьабун бук1анилан... Хадуб баянлъула, ц1ияй учителалда арифметикаялъул ункъабго действие гьабизе лъаниги, мисалазда гъорлъ скобкабазул кинаб х1ажалъи бук1унебали лъалеб гьеч1еблъи. 

Я тебе бить буду...

Цо росулъа ресалда вугев чиясул педагогасул диплом бугей цо яс, школалде х1алт1изе т1амуна. Цо къоялъ дарс кьолей йик1арай гьалъ, цо г1адло г1емер лъик1аб гьеч1ев васасдехун йуссун абула:
- Я тебе бить буду-йилан, амма гьев г1одове вуссинч1еб мехалъ нахъеги гьесде абула:
- Иди к доску-йилан

Назирил г1акъло

Х1алт1улъ опыт к1удияв учитель Назирица цо гара-ч1валулелъуб абуна, нилъер педагогияб университеталда информатика кьезе бажари бугел, компьютер лъик1 лъалел учительзаби ургъунго х1адуруларила. Щай гурелъул гьеб рахъалъан учительзабазе лъик1аб лъай щвани, учителасе бач1унеб дагьа-макъаб харжалъухъ, гьез школалда х1алт1и гьабизе бук1инч1ила ва гьединал учительзабаз компьютералъул лъай х1ажатаб х1алт1и школа тун къват1ибехун т1алаб гьабизе бук1анилан. Гьединлъидал школазда информатикаялъул дарс кьолел учительзабазда компьютер бакизеги свинабизеги гурони гьеб х1алт1изабизе бажаруларила



Зульфия гьаб ккараб хабар гъол "Ц1иял учительзаби"абурал харбазулъе ккезабун Мух1амадрасулихъе кье

Внимательный падеж

Исанасеб соналъ яч1арарай ц1ияй учительницаялъул дарс бук1ана. Урокалда падежазул бицунеб бук1ана. Цо ц1алдохъанасде щиб падежан гьикъун, гьес винительный падеж бугилан жаваб кьедал учительницаялъ абула мекъаб бугин, винительный падеж бук1унарин, гьеб бугин внимательный падежилан абула...Гьей дипломированный учитель, школалдаго ц1али щакаб жо буго, школалда азарц1ол цин г1урус мац1алъул дарсазда рицунел гьел падежал педагоглъун ц1алич1ониги рак1алда ч1езе кколаан...