Дагъистан ва чачаназул муг1рул къот1ун дармил нух

Исмаил Газимагомедов 2
 (ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ВА ЧАЧАНАЗУЛ МУГ1РУл КЪОТ1УН К1УДИЯБ ДАРМИЛ НУХ)
   Халкъул-г1аламалъулго тарих бараб буго даран-базаралъул мурадазда т1ад. Гьелъул х1исабги гьабич1ого сиясаталъул ва рагъазул х1акъалъулъ хъвазе лъугьинги г1ададисеб х1алт1и буго. Гьоркьохъел г1асрабазул дармил нухазда т1ад лъугьун рук1ана бат1и-бат1иял пачалихъал ва пачалихъал цолъарал рагъулал г1уц1ц1аби. Гьит1инавниги к1удиявниги хан лъугьунаан гьел нухазда «кьили лъезе», гьенисан хьвадулел дармил ва цогидал къукъабазухъа (караваназухъа) мухь боси мурадалда. Гьеб сабаблъун бат1и-бат1иял къуватазда гьоркьоб рагъ-кьал ккейги доб заманалъ къанаг1атаб жо бук1инч1о.

«ХАЛКЪАЗУЛГО К1УДИЯБ НУХ» ДЕРБЕНТ - ТАРГЪИМ
   
Инсанасул чорхолъ бидурихьал киниги, Кавказалъул киналго муг1рузул щибаб бок1оналда, щибаб к1к1алахъ щун т1ирит1ун рук1ана нек1сиял нухал. Нилъеда лъала гьеб бат1аго х1икмалъи гьабизе ккараб иш гуреблъи – ракьалда ругебг1ан заманалъ г1адамазул нухалги рук1индалха, амма, кин щиб бук1ун батаниги, рах1ат хвезабун буго цо гьадинаб, ц1акъ ниж жинда божараб жоялъ:
Гьарурал ц1ех-рехазул х1асилалда бижун буго пикру, гьел киналго нухал жинда рухьараб цо к1удияб нух нилъер муг1рул къот1ун, бит1ахъего Кавказалъул муг1рузул К1удияб щобил хьибилч1ванги бук1анин. Гьеб нухалъул байбихьи Дербенталдаги Каспий ралъдал раг1аллъабаздаги, ахир – гъалгъаязул Асса г1орул жаниблъиялда, гьеб г1орул мухъккун т1аде авлахъалдаса бач1унеб гьединабго к1вар бугеб цоги нухгун жубалеб бак1алда бук1анин.
Жидер ракьаздаса гьеб нух бук1арал Дагъистаналъул жамаг1атазул ва росабазул к1вар нилъеда бич1ч1изе гьезул ц1арал хъван таниги г1ела. Кубачи ва Гъумеки, г1андалазул, гьидерил ва к1к1аралазул къуватал жамаг1атал, гьанжесеб Болъихъ районалда ругел Ансалт1а, Рахат1а г1адинал маг1арул мац1алъул росаби, Бакът1ерхьул Дагъистаналдаго цого-цо бук1араб «шагьар» Т1инди, Ункъракьалъул «тахшагьар», жалго хунзахъез «К1иабилеб Хунзахъ» абун ц1ар тараб Къеди. Чачаназул Къиял мухъалъул ц1ех-рех гьабулаго, чачаназе г1адатиял гурел, амма маг1арулазул ханзабазул ц1аразда жидер ц1арал хурхарал ракьалги хъулбиги ратана. Гьел хъулбузул г1емериселги ран руго гъалгъаязул муг1рузде щвезег1ан бит1ахъего гьеб нухлул мухъалда т1ад! Гьениса г1одобе, Асса г1орул кваранаб г1аркьеллъун жиб бугеб Гулойхи лъарал жаниблъиялдасаги ун гьеб щолеб бук1ана «сиязул шагьар» Таргъималде ва гьениб жубалаан, Каспий ралъдал т1асияб раг1алдасаги сверун гьанжесеб Магасалде ва гьениса Асса г1орул мухъ ккун т1аде гуржистаналде балагьун унеб бук1араб, Азиялдаса бач1унеб к1удияб  дармил нухгун (Великий Шелковый путь).
Гьел ва гьезда релъарал мисалаздаги пикрабаздаги т1ад жиндир к1вар ц1ц1ик1араб г1елмияб х1алт1и г1уц1ц1изе бегьуларебго г1адин, нижеда ккола бегьуларин нилъер тарихалда жаниб щиб бук1аниги жо т1убанго бук1инч1ин ч1езеги, гьеб бук1араблъи ч1езабизе г1урал мисалал гьеч1ин абун г1илаги бачун. Маг1арухъ жеги ч1аго руго халкъиял биценал ва бак1азул ц1арал. Цо кинаб бук1аниги нек1сияб х1ужаялъул мух1канлъи гьеч1ин абун учузлъиларо тарихалъе гьезул бугеб къимат. Нек1сиял нухазул раг1аллъабазда нух лъазелъун ч1ван рук1арал ва жакъаги ракьулъан раккун ругел ганч1ил занал г1адин баккун буго гьезда жанисан нилъер бечедаб тарих ва нуг1лъи гьабулеб буго гьез чанги жиндир к1вар ц1ик1араб тарихияб х1ужаялъе.
Нусго километраялдасаги  ц1ц1ик1ун г1еблъи ва зодобе т1огь хъвалеб г1адаб борхалъи бугеб ганч1ил сангаралда релъун, к1иго ралъдада гьоркьоб къараб ч1едераб ракьул ч1ологи къот1ун бакъбаккудаса бакът1ерхьудехун рахъун ч1ун руго Кавказалъул муг1рул. Къват1иса тушманас киданиги мук1ур гьарич1ел гьал ганч1ил кьураби, зах1матал соназ Кавказалъул авлахъазул халкъазе рук1ана рахчизе унел гьиналлъунги ва бат1и-бат1ияб заманалъ бат1и-бат1ияб х1алалъ жиндаса пайда босулеб бук1араб Азиялдаса Европаялде лъураб т1абиг1ияб кьолъунги.
 
Ц1АР РАГ1АРАВ ИТАЛИЯЛЪУЛАСУЛ ХЪВАЙ-ХЪВАГ1АЙ

Микьго сонги сапаралда бан, 1355 соналъ Италиялъул Флоренция шагьаралде т1ад вуссуна «Бартни» дармил рукъалъул х1алт1ухъан Франческо Пагалотты. Гьес цадахъ босун бач1уна жинцаго нухда хъвараб «Дарам-базаралъул ва рик1к1адал ракьазул х1акъалъулъ къиса» ян ц1ар тараб, хадуб дунялалдаго жиб машгьурлъараб къиматаб хъвай-хъваг1ай. Хадусел г1асрабаз дунялалъулго г1алимзабазул тарихиял ц1ех-рехазе кьуч1лъун лъугьараб гьеб х1алт1иялда жаниб тарихчаг1аз к1вар буссинабун буго цо гьадинаб каламалда: « …циндаго гьеб нух буссуна шималияб рахъалде ва т1ерхьуна «Кимириялъулин» жидеда абулел рорхатал муг1рузда гьоркьобе. Бищунго х1инкъи - къай гьеч1ел даранчаг1и гурони гьенисанги унаро. Цадахъ бук1араб гьалмагълъиялъулгун гьез къолъик1 гьабула «Маххул кавабазда» цебе. Гьедин арал гьел, чанго анкьги муг1рузда бан, х1инкъи ц1ц1ик1арал киналго ракьалги хьибилалда тун, циндаго Табризалъул раг1алдаса раккула».
Флоренциялдаса сапарчиясул гьел раг1абаз пикру гьабизе т1амуна г1алимзаби. Бакът1ерхьул пачалихъазул нек1сиял сапарчаг1аз «Кимириялъулин» абулаан Шималияб Кавказалъул муг1рузда, Табризан абулаан Кавказалъул муг1рузул К1удияб щобалъул бакът1ерхьул рахъалда, Ч1ег1ераб ралъдал раг1алда бук1араб нек1сияб шагьаралда. Флоренциялъуласул гьел раг1аби г1алимзабаз к1вар гьабич1ого тезе рук1ун ратила, гьев сапаралде вахъиналъул мурад, дунялалъул бакът1ерхьул ва бакъбакул рахъалда ругел халкъал цоцалъ рухьун рук1араб нек1сияб Чилай-дармил К1удияб нухалъул х1акъалъулъ (Великий Шелковый путь) мух1канаб ц1ех-рех гьаби бук1инч1****и.
Тарихалъе ц1акъ жиндир к1вар ц1ц1ик1араб х1ужа буго гьеб. Кидаго рик1к1унаан гьеб ц1ар раг1араб дармил нух Кавказалда г1агардецин щвеч1ого, Ираналъул ва Г1иракъалъул авлахъал къот1ун унаанин. Гьев Франческо Пагалоттил раг1абазда божани, бихьулеб буго дунялалъулго халкъазул тарихалда жанир ругел бищунго х1икматал нухазул цояб Шималияб Кавказалъул муг1руздаса бук1араблъи. Гьелго раг1абаз нилъеда бицунеб буго цоги к1вар бугеб жоялъул х1акъалъулъ. Гьоркьохъел г1асрабаз Кавказалъул муг1рул къот1ун бук1анин Азиялдаса Европаялде унеб балъгояб нух (контрабандная дорога).
Гьоркьохъел г1асрабазул яги жеги цересел хъвай-хъваг1аязда жаниб Чилай-нухалъул х1акъалъулъ цог1аги бицен гьеч1о, XIX г1асруялде щвезег1ан гьединаб ц1ар лъиданиги раг1унги бук1инч1о. Гьеб нухалъе т1оцебе гьединаб ц1ар кьун буго Китаялъул ва кинабго Азиялъул ракьул х1акъалъул т1ехь хъварав немцав Фердинанд Фон-Ризенгофелица. Гьелдаса хадуб т1ибит1ун буго гьеб ц1ар дунялалдаги. Гьединлъидал Чилай-нухалъул х1акъалъулъ ц1ех-рех гьабулел г1алимзаби балагьуларо Китаялдаса Европаялде унел дармил нухазул цог1агиялда гьеб ц1ар бук1ун бугищ яги гьеч1ищали. Г1емерал сапарчаг1аз ва дармихъабаз нахъе тарал кагътаздаса бихьулеб буго гьеб нух х1алт1ун бук1ин 18 г1асруялъ, ай нилъер заманалда цебесеб II г1асруялдаса байбихьараб, нилъер заманалъул XVI г1асруялде щвезег1ан. Инсанияталъул тарихалда жаниб цог1аги дармил нух х1алт1ич1о гьедиг1ан г1емер заманалъ.
Гьеб нухалъул цо раг1алдаса цоги раг1алде ине чияс балеб бук1ана г1ага-шагарго 300 сордо-къо. Китаялъул Хиан шагьаралдаса байбихьараб гьеб, г1иц1ц1ал авлахъалги рорхатал муг1рулги къот1ун щолеб бук1ана Ташкенталде ва Самаркандалде, Бухараялде ва Тегераналде, цинги, гьанжесеб Турциялъул ракьалдасаги ун бач1унеб бук1ана Константинополалде. Гьеб ккола гьанжесеб Стамбулалъул нек1сияб ц1ар.
Гьеб нух ккун рик1к1адаб Китаялдаса г1адамаз г1умру гьабулеб дунялалъул цогидаб раг1алде даранчаг1аз баччулеб бук1ана чилай-хам гуребги цоги-цогиги къайи-ц1а. Жиб бук1араб заманалъул ахирисел г1асрабазги гьеб бук1ана Чингисханил К1удияб Монголазул империялъул бищунго к1вар бугеб дармил нухлъунги. Гьеб кинабго заманалъ бакъбаккудаса бакът1ерхьуде ва гьениса нахъеги гьоркьоса къот1ич1ого чвахулеб бук1ана къиматаб даран-къай.
Гьеб нухги кидаго цого ракьаздаса, цо бак1алдаса гуро бук1араб. Хисана заманаби, дунялалъул картаялда т1ад раккана ц1и-ц1иял пачалихъал, гьединал хиса-басиял лъугьунел зах1матал г1ужаз базаргаби х1ажаталлъун кколел рук1ана, ине зах1матал ругониги, ц1иял бак1аздасан х1инкъи гьеч1ел нухал ралагьизе.
К1удияб Чилай-нух унеб бук1ана кинабго Азия къот1ун. Гьелъул улкабазул халкъазда гьоркьор рук1ана г1адамал базаргабазде гъара гьабун бет1ербахъи гьабулел, гьелдаса бечелъизе бокьарал, гьединлъидал щибаб дарамил къукъаги (караван) гьез баччун бач1унеб къиматаб къайги ц1унизе г1оло кквезе кколаан т1убарал аскарал.
Гьел даранчаг1аз ва сапарчаг1аз нахъе тарал хъвай-хъваг1аязул мух1канго х1исаб гьабидал бихьулеб буго гьеб нух дунялалъул цо бут1аялдаса цогидаб бут1аялде унеб г1адатияб нух гуреб, хъулбузги, хъулби г1адал щулиял росабазги шагьаразги цоцада бухьараб рахас бук1араблъи.
Жиб-жиб дармил къукъа х1ажатаб бук1ана жиб ц1униялда ва жиндие хъулухъ гьабиялда. Къукъабиги рук1ана г1емер ва гьез х1инкъи гьеч1ого сордо баялъе пайда босунаан ругел щулалъабаздаса яги бак1алъул г1адамал риччалаан гьединал щулалъаби ц1иял разе. Гьединлъидал Флоренциялдаса сапарчияс хъван тараб, Шималияб Кавказалъул муг1руздасаги бук1анин К1удияб Чилай-нухалъул цо г1аркьелин бицунеб х1ужаялъе к1уч1ч1лъун буго гьеб нух бук1арабин абулеб мухъккун нек1сиял хъулби, росаби, шагьарал, щулалъаби ва гьезул хут1елал рук1ин.

КАВКАЗАЛЪУЛ МУГ1РУЛ КЪОТ1УН УНЕБ ГЬЕБ НУХ, Ч1ЕГ1ЕРАЛЪДАЛ РАГ1АЛДА – НЕК1СИЯБ ТАБРИЗАЛДЕ ЩОЛЕБ БУК1УН БАТАНИ, КИБХА БУК1АРАБ ГЬЕЛЪУЛ БАЙБИХЬИ?

Гьеб хъвай-хъваг1аялъул ц1ех-рех гьабиялъул х1асилалда г1алимзабазда бич1ч1ун буго флоренциялъуласул «маххул каваби» цо жоялда цоги жо релъизабун (метафора) хъварал раг1аби гурел, х1акъикъаталдаги бук1араб жоялъул бицунеб калам бук1ин. Гьоркьохъел г1асрабаз гьединаб ц1ар бук1ана Дербенталда. Ираналъул муг1рузулаб т1алъиялдаса циндаго шималияб рахъалдеги сверун Чилай-нухалъул г1адатияб мухъалдаса бикьараб цо г1аркьел унаан Дербенталде. Гьединлъидал гьеб нухалъул Кавказалъул муг1рул къот1ун бук1араб г1аркьелалъул мухъ ц1ехезе байбихьизе ккола Дербенталдаса.

ЩИБ Г1ИЛЛАЯЛДАЛЪУ К1УДИЯБ ЧИЛАЙ-НУХАЛЪУЛ МУХЪ ЖИНДИР Г1АДАТИЯБ МУХЪГИ ТУН ШИМАЛИЯБ КАВКАЗАЛДЕ СВЕРАРАБ ВА ХАДУБККУН КИБ ГЬЕБ Ц1ЕХЕЛЕБ?

Киналго дармил къукъабаз жал унеб нух хисиялъе бук1ана цох1о г1ила: гьел лъутулаан рагъаздаса ва гъарачилъиялъул х1инкъи ц1ик1арал ракьаздаса – Гьоркьохъел г1асраби ц1акъ бечедал рук1ана гьединал ишаздалъун. Гьеб заманалъул XIII г1асруялъ дунял ц1идасан бикьа-къот1ана.
1210 соналъ г1уц1ц1ана ва 1250 соназде щвезег1ан бук1ана ц1акъго жиб к1удияб Монголазул пачалихъ. Гьел гьоркьор арал соназ Чилай-нухги х1алт1ана ц1акъ берцинго. Амма Чингисхан хун хадуб гьеб к1удияб пачалихъ ункъго бут1аялде бикьиялъул х1асилалда лъугьарал пачалихъаз Чилай-нухалъул цо-цо мухъал сабаблъун байбихьана цоцазулгун даг1ба-къец ва кват1ич1ого Кавказалъул кинабго къилбаялъул рахъ лъугьана къот1и гьеч1ел рагъазул майданлъун. Гьединаб х1алалъул асирлъун лъугьарал даранчаг1и х1ажаталлъун ккана даг1баялда бугеб к1иго пачалихъалда гьоркьосан ц1ияб нух ц1ехезе ва гьеб нухги гьезда батана Шималияб Кавказалъул муг1руздасан.
Гьеб нилъеда бихьула XIII – XIV г1асрабазул картаялде балагьидалги. Шималияб Кавказ бук1ун буго цоцалъ багъулеб к1иго ханлъиялда гьоркьоб, гьезул г1орхъода. Гьелдасаги к1вар ц1ик1араб х1ужа буго гьеб заманалъ Кавказалъул муг1рул киг1ан къуватавги тушманасда бахъизе к1олареб хъала г1адин рук1араблъиги.
Гьел киналго х1ужабаз нуг1лъи гьабулеб буго Форенциялдаса сапарчиясул раг1абазул рит1ухълъиялъе. Цо суал хут1ун буго жаваб ц1ехезе кколеб: Дербенталдаса Ч1ег1ераб ралъдахъе унеб нух кисан бук1араб?»
Г1емераб заманалъ гьеб дармил нухалъул  г1адатияб мухъ г1алимзабазе бук1ана т1ад к1алъазе бак1 гьеч1еб х1ужалъун. Амма 2000 соналъ гъалгъаязул ракьалда тарихчаг1азда ратарал нек1сиял т1аг1елазги хъвай-хъваг1аязги гьезда гьоркьоб «Шималияб Кавказалъул муг1руздасаги Чилай-нухалъул цо г1аркьел бук1ун буго» абураб щулияб пикру бижизабуна. Ва хадусел зоназ ц1ех-рехалъул мурадалда рит1арал г1елмиял къукъабазда Ингушетиялъул муг1рузда ратарал хъулби кида, кир ва кинаб къаг1идаялъ рараб х1исаб гьабулаго гьеб пикру мекъаб гьеч1олъиялдеги рач1ана. Гьелдаго цадахъ гьел т1ад рекъарал руго гьеб нухалъул цо г1аркьел гъалгъаязулги гьириязулги к1к1алазухъан Дербенталдеги бук1араблъиялда. Амма кисан гьеб бук1араб абураб суал г1емерисезе жеги рагьунго хут1ун буго.
 
ГЬЕБ НУХ ДЕРБЕНТАЛДАСА ГЪАЛГЪАЯЛЪЕ КИСАН БУК1АРАБ?

Гьаб суал жидее кьурал Кавказалъул жакъасел тарихчаг1аз гьелъие нижерго  бугеб жавабалда т1убанго инкарги гьабич1о, гьеб кьуч1ч1аблъун ч1езабизе г1урал х1ужаби гьеч1ин абураб г1илаги бачун г1емерисез гьелъул рахъги кквеч1о. Амма гьелдалъун нижеца ц1ех-рех чучизе теч1о ва кват1ич1ого т1аде ккана цереселги гьанжеселги тарихчаг1аз нилъер муг1руздасан рук1арал нек1сиял дармил нухазул х1акъалъулъ гьарурал хъвай-хъваг1аязде. Гьезул пикраби рит1ун данде кколел руго гьаниб цебе кьураб суалалъе нижер бугеб жавабалда. «Самур г1орул жаниблъиялдаса Курахалде, гьенисан Кумухалде, цинги Ч1охъе, Ч1охъа Гьидалъе ва Г1анди-г1орги бахун Чачаналъе. Гьеб къаг1идаялъ Жанисеб Дагъистан къот1ун унеб бук1ана Кавказалъул халкъазе ц1акъ жиндир к1вар ц1ик1араб к1удияб дармил нух». «Дагъистаналъул муг1рул къот1ун унеб халкъазул к1удияб нух» - ан жинцаго ц1ар кьураб гьеб нухалъул х1акъалъулъ Б. Малачихановас хъвалеб буго: «Самур – Курах – Кумух – Ч1охъ – Гьидалъ мухъалдаса бук1араб гьеб нух нилъеда бихьула, Дербентги, Дербенталдаса т1адехун бугеб ч1едераб ралъдал раг1алги хьибилалда тун къилбаялъул рахъалдаса Шималияб Каказалде унеб ц1акъ жиндир к1вар ц1ик1араб нухлъун».
Гьедин гьеб нухалъул к1вар ц1ик1иналъе сабаблъун бук1ана Европаялъулги Азиялъулги г1орхъода, Каспий ва Ч1ег1ераб ралъадазда гьоркьоб т1абиг1ияб каву яги кьо г1адин Шималияб Кавказ бук1ин.
Дармил нухазул цогиги мухъал рук1ана Кавказалъул муг1рул ва авлахъал къот1ун. Ч1ег1ер ралъдал раг1алда нек1сияб Севастополисалдаса (гьанжесеб Сухуми) цо нух унаан Клухор абулеб муг1рул щобги бегун Тебердаялде ва гьениса Кубачиялде, гьедин Кавказалъул муг1рузул гъварилъуде. Гьелъул кумекалдалъун цоцалъ бухьен бук1ана Ч1ег1ер ралъдал раг1аллъабазда, Гьоркьохъеб Кавказалъул муг1рузда ва Каспиялъул раг1аллъабазда ругел халкъазул. Гьеб нух бук1арал ракьазда данд ч1валел нек1сиял лъалк1азда балагьун бихьулеб буго бищунго ц1ик1ун г1адамаз гьелдаса пайда босулеб бук1араблъи IX – XIII г1асрабаз. Ч1ег1ер ралъдахъа Каспиялде бук1араб гьеб Кавказалъул нух унаан Шималияб Кавказалъул муг1рул къот1ун Дигори ва Газелалде, Сунжаги Терекги жидедаса лъугьунел г1емерал лъаралги къот1ун гьеб щолаан Адиталде ва Чачаназул къилбаялъул рахъалда ругел муг1руздаса – Дагъистаналде, цинги – Дербенталде.
«VI г1асруялъул к1ибилеб бащалъиялдаса нахъего бищунго лъик1 жал х1алт1улеллъун рук1ана Чилай-нухалъул Кавказалда ругел г1аркьелал, хасго Шималияб Кавказалда ругел гьезул бут1аби».[ М. Р. Гасанов, «Дагестан и народы Кавказа в V – XV вв. (Некоторые вопросы расселения и этнической общности и взаимоотношений)». Дагестанское книжное издательство. Махачкала, 2008 год.]
«Гьаб муг1рузул ракьалда нек1сиял заманаздаса нахъего лъач1о рах1ат щибали.
Гьоркьохъел г1асрабаз гьанир ругел бечедал авлахъал цоцахъа рахъулаго къеркьана бакъбаккул ва къилбаялъул рахъалдаса рач1арал аланал, хазарал, гуннал ва булгарал. Муг1рузул ахалъаби къот1ун гочарулел халкъазул иргадулаб карачел индал гьенир г1умру гьабун рук1арал риха-хочун кескал лъугьун унаан к1к1алазухъан эхеде ралагьун. Бищунго заг1ипал ине кколаан бищунго рик1к1адал муг1рузде, цинги цо заманлдасан, рагъул гурони мац1 лъаларел  гочарухъабазул ц1ияб карачелги т1ад щун гьездаго хадур лъутун рач1унаан гьел муг1рузде иналъе сабаблъун кккарал гьезул къуватал мадугьалзабиги.
Гьеле гьединаб, лъуг1иго гьеч1ого бак1-бак1азда унел рагъал ругеб заманалъ Кавказ  сверун байбихьана ц1акъго к1удияб, жеги бихьич1еб г1адинаб къец. Гьал муг1руздаги сверухъ ругел авлахъаздаги жинди-жиндир кьили лъезе бокьун цоцалъ рана доб заманалъ дунялалдаго бищун къуватаб к1иго пачалихъ – Византияги Персияги. Рак1алда ккезе бегьилаан щайин гьаб к1иго кутакаб пачалихъалъе къвариг1арал г1алхулал маг1арулаз г1умру гьабулел, т1аде нухцин гьеч1ел г1иц1ц1ал гьал кьураби. Г1ила бук1ана к1удияб – Кавказ къот1ун унел дармил нухазда т1ад квер лъезе бокьун багъарараб кьал бук1ана гьезул гьеб.
Цебезаманалдаго гьел нухал байбихьулаан Китаялдаса. Гьоркьохъеб Азиялъул нек1сиял ракьал – Согдом, Хорезм, Бактрийги нахъе тун, Персияги къот1ун щолаан гьел Рималъул империялде. Гьениса баччулеб жоги бук1ана хасго чилай-хам. Бат1и-бат1иял заманаз гьеб чилаялъул цо ц1ц1аяъухъ кьолаан лъабго ц1ай меседалъул. Гьеб кьолаан к1алг1аби ва хъулби раралъухъ, гьебги кьун кколаан рагъухъаби, гьелъухъ росулаан лагъзал, тушманасулгун рекъел, рагъуе кумек.
Жиндир заманалъ чилай бичиялъул даран-базаралъ бечелъарал рук1ана Византияги Персияги, гьединлъидал гьезда гьоркьоб бук1араб даг1ба-къецги г1емерисеб гьеб сабаблъун ккараб бук1ана.
Лъабго к1удияб мухъ гуребги, Чилай-нухалъул жеги чанго г1аркьелги бук1ана гьел мухъал цоцалъ рухьараб. Нек1сияб Маракандалъул тахшагьар Согдаялдаса байбихьулаан Кавказалъул Чилай-нух. Гьедин Хорезмалдеги щун, Каспий ралъдал т1асияб раг1алдасаги сверун Шималияб Кавказалъул авлахъал къот1ун Дариналъулин ц1ар тараб нухдасан Клухоралъулги Марухалъулги муг1рул щобалги рахун – гьанжесеб Сухумалде. Гьенир гумуздаги рек1ун дармил къокъабаз бахулаан Ч1ег1ераб ралъад ва щолаан Византиялъул тахшагьар Константинополалде (гьанжесеб Станбул). Кавказалъул Чилай-нухалъул бищунго к1вар ц1ик1араб г1уж бук1ана нилъер заманалъул VI г1асруялъул к1иабилеб бащалъи. Гьел соназ Сасанидазул империялъ чилай-хамгун Византиялде унел дармил къукъабазе жиндир ракьалдасан нух къан бук1ана.
Цогидал г1илабигун цадахъ гьелъие г1ила бук1ана Ибериялъул (Гуржистан) Лазикаги Сванетияги ракьал сабаблъун Византиялъ сасанидазулгун рагъ байбихьи. Гуржистаналъул бакъбаккудехун бугеб бащалъи гьеб заманалъ сасанидазул квершаликь бук1ана. Гьедин рагъазулги гара-ч1вариязулги х1асилалда VI г1асруялъул ахиралда Персиялдаса бат1алъун Византиялъул квершаликь ккана Сванетия.
Африкаялдаса Кавказалде щвезег1ан ругел ракьазда диниябгун рагъул ва сиясаталъул к1удияб асар жиндир бук1арав Византиялъул император Юстиниан бугебщинаб къуватгун къеркьана Китаялдаса бач1унеб Чилай-нух г1адат батараб х1алалъ  Персиялдаса теч1ого, гьелъул хьибилалдасан, ай Кавказалъул щобалги рахун Ч1ег1ераб ралъдал раг1аллъабазде бачине.
Гьел нухазул к1вар хвеч1о ва гьел х1алт1ана VI аб байбихьун IX г1асруялде щвезег1анги. Гьеб гьоркьоб къот1ич1о Персия Византиягун, г1арабал хазаралгун рагъулеб заманалъги. Карачаязул ва Черкесазул ракьалда кьурабалъ ратарал хобазда жаниб г1емераб чилай-хам бук1иналъе г1илаги гьеб буго. Шималияб Кавказалдаса бук1араб К1удияб Чилай-нухдасан даранчаг1аз пайда босана 1453 соналде щвезег1ан. Гьеб соналъ Константинополь г1усманиял турказул квершаликь ккана ва гьелдалъун гьеб нухалъул ишги хвана.
Г1адамаз гьел бак1ал рехун тана. Нух х1алт1улеб заманалъ гьелъул раг1аллъабазда ран рук1арал хъулбиги сиялги бак1алъулал г1адамазул рукъзазде сверана, гьат1анал ч1ороголъана, ракь мискинлъана. Гьел бак1ал рарал къадахъабазул х1акъалъулъ хабарги заманалъул х1урулъ гъанкъун маргьаялде буссана.
Кин бук1аниги заманалъул гьуразда т1уранго т1аг1изаризе к1веч1ого нилъее ц1унун хут1ун руго гьел х1икматал бак1ал, Шималияб Кавказалъул хъач1ал муг1рул къот1ун бук1араб К1удияб Чилай-нухалъул раг1аллъабазда жидеда х1алхьиги х1инкъиги лъаларел даранчаг1аз ран рук1арал». [Старокавказская защита». В. Кузьмин, федеральный архитектор Республики Ингушетии и Карачаево-Черкесской Республики. Журнал «Вокруг света» / Июнь 2002 /]
«...XIII г1асруялъ Чингисханил К1удияб империя бихун хадуб, К1удияб Чилай-нухалъул Кавказалдаса бук1араб г1аркьел ц1ияб къуватгун х1алт1изе байбихьана. Гьеб жанисан унел хасал бак1азул бищунго к1вар бугел рук1ана Дербент ва Магас. Шималияб Кавказалъул муг1рузда гьеб бикьун бук1ана чанго г1аркьелалде. Гьезул цояб унаан Джейрах к1к1алахъан гъоркье Чулхой к1к1алахъе, гьенисан - Асса лъарал к1к1алахъе. Гьенисан щолаан авлахъалдеги. Дербенталдаса бакът1ерхьул рахъалде бач1унеб гьеб нухалъул цоги г1аркьел унаан …(?) ракь къот1ун гъалгъаязул нек1сиял росабалъан.  Дарай-нухалъул цоги г1аркьел бук1ана бакъ баккудаса бакъ т1ерхьудехун Сунжаялъул к1к1алахъан ва къилбаялъул рахъалдаса шималияб рахъалде Камбилиялъул жаниблъиялдасан  Ачалукалде. Гъалгъаязул нек1сиял росабазул цоцалъ бухьараб г1уц1ц1и буго муг1рузулги авлахъазулги г1орхъода[История Ингушетии 2013. С. 119]. Бицен буго гьеб нух жанисан унел къваридал к1к1алазухъ анц1ила к1иго хъалаги кавуги бук1анин.
Кавказалъул тарихалъулги, археологазда ракьулъ батараб-таралъулги, нек1сиял рарал бак1азул архитектураялъулги хал гьабулаго нижеда бич1ч1ана Кавказ къот1ун унел дармил нухаздаса даранчаг1и гурел аскаралги хьвадулел рук1араблъи. Даранчаг1азго г1адин гьезул къокъабазги босунаан гьеб нух ц1унун ругезухъа гьенисан ине ихтияр ва гьелдасан гьезие г1емераб хайирги щолаан». [ШЕЛКОВЫЙ ПУТЬ. Харсиев Б. М-Г, кандидат филос. наук. Сайт «Чеченское национальное право»].

К1УДИЯБ ЧИЛАЙ-НУХАЛЪУЛ «УНТИ»
 
«Дунялалъулго медицинаялъул г1елмуялда жаниб жинда «Бихчетил унти» ян ц1ар тараб цо унтиялда «К1удияб Чилай-нухалъул унти» янги абула. Гьелъие г1илалъунги бачуна гьеб унти жидеда бугел г1емерисел г1адамал гьеб Чилай-нух жанисан бук1арал ракьазда г1умру гьабун рук1ин. В. А. Насоновалъул ц1аралда бугеб ФГБНУ НИИРалъул хал гьабиялда ругел унтаразул ; бут1а кколеб буго Шималияб Кавказалъул республикабаздаса, гьезда гьоркьорги бищун г1емер – Дагъистаналдаса. Тарихалъул г1елмуялда жаниб цо ч1араб пикру гьеч1о гьеб нух нилъер муг1руздаса бук1анин яги бук1инч1ин абураб - бук1араблъи ч1езабизе г1урал г1емерал х1ужаби ругониги. Гьединал х1ужаби ратула Кубачи г1адинал Дагъистаналъул маг1арухъ ругел росабалъги». [ Аннотация научной статьи по медицине и здравоохранению, автор научной работы — Алекберова З. С. Научная библиотека КиберЛенинка].

ЩАЙ НИЖЕЦА РИК1К1УНЕБ К1УДИЯБ ЧИЛАЙ-НУХАЛЪУЛ ЦО Г1АРКЬЕЛ НИЛЪЕР МУГ1РУЛ КЪОТ1УНГИ БУК1АНИН?

1. «Чилай-нух» абураб ц1ар дунялалъул жагърапиялъул ва тарихалъул г1елмуялда жаниб х1алт1изабизе байбихьаралдаса нахъе г1емер заман гьеч1о, гьединлъидал кинаб бук1аниги нек1сияб дармил нухалъул ц1аралда чилай-хамалъул ц1ар бухьараб гьеч1они, гьелъул маг1на кколаро К1удияб Чилай-нухалда гьеб нухалъул кинабг1аги бухьен бук1инч1олъи.
2. Жеги лъазе кколеб жо буго «Чилай-нух» бук1ин гьеб нухалъе кьураб г1елмияб ц1ар. Гьеб ц1аралъ жаниб бачунеб жоги цо кинаб бук1аниги ракьалдаса унеб цо яги чанго нух гуреб, нус-нус г1аркьелаздеги бикьун, г1емерал ракьаздеги щун, гьел къот1ун унел г1емерал нухал рук1араблъи. Бищунго бикь-бикьараб бак1алдаса гьеб нух т1асан бугеб ракьалъул г1еблъиги азарго километраялдасаги ц1ц1ик1ун бук1араблъи.
3. Тарихалъул бат1и-бат1иял заманазда жаниб жиб-жиб гьеб г1аркьелалъул жинди-жиндир хаслъи бук1ун батаниги, г1аммаб къаг1идаялъ гьезул киназулго бук1ана цо мурад – даран-базаралъе гъулухъ гьаби.
4. Дунялалда, г1адат батараб къаг1идаялъ,  Кавказалдаса г1емерго гъоркьег1ан ругел ракьал къот1ун Китаялдаса Европаялде унел дармил нухал гурони Чилай-нухлъун рик1к1унел гьеч1ониги, Гьоркьохъел г1асрабаз яги жеги цебе г1емер кколаан рагъал яги гьезда релъарал балагьал сабаблъун гьел нухаз жидер унеб рахъ-мухъ хиси.
5. Гьединал заманаз даран - базаралъе жидеца к1вар кьолел пачалихъал яги жалго базаргаби х1ажаталлъун кколел рук1ана ц1иял, х1инкъи гьеч1ел нухал ц1ехезе.
6. Цебе рехсараб пикруялда цадахъго абизе бегьула, Гьоркьохъел г1асрабаз г1емер кколаан Гьит1инаб Азиялдаги Кавказалъул авлахъаздаги рагъазул ц1а боркьарал ишал. Гьединал заманаз, къуватал ханзабазул ва ханлъи жаниб гьеч1ел эркенал жамаг1атазул квершаликь ругел Шималияб Кавказалъул муг1рул даранчаг1азе рук1ана х1инкъи гьеч1ел ч1инк1иллъабилъун ва гьез х1аракат бахъулаан гьел ракьаздасаги ун Каспиялъул яги Ч1ег1ераб ралъдал раг1аллъабазде рорч1ине. Гьединал нухаздаса бук1араб хайиралъул к1вар гьабулел гьел ханзабазги жамаг1атазги жидецагоги х1аракат бахъулаан даранчаг1азул къокъабазе х1инкъигьеч1олъи бук1инабизе.
7. Гьединлъидал абизе бегьула Шималияб Кавказалъул муг1руздасан рук1арал дармил нухал рук1анин К1удияб Чилай-нухалъул х1ажалъи бихьун х1алт1изарулел г1аркьелаллъун.
8. Гьоркьохъел г1асрабаз Шималияб Кавказалъул муг1рузда бищунго къуватаб пачалихълъун бук1ана Сарир.
9. Тарихалъ нуг1лъи гьабула гьеб заманалъ Сариралъул ханзабазул квершаликь бук1анин Гьоркьохъеб ва Бакът1ерхьул Дагъистан гуребги, гьеб бахун къват1ирехун ругел цоги г1емерал ракьалги.
10. Цо заманалъ гьеб пачалихъалъул г1орхъабазда жанир рук1ана Каспий ралъдал раг1аллъабаздаса байбихьун гьанжесеб Дагъистан, Закатал, Кахети, Туш ва Терекалъул к1к1алахъе щвезег1ан ругел ракьалги.
11. Гьел ракьал къот1ун унел рук1ана Сариралъул ханзабаз жидедаса к1удияб хайир босулел кинабго Кавказалъего ц1акъ к1вар бугел дармил нухал.
12. Бакът1ерхьул Дагъистаналъул Ункъракьалда буго микьго росу жидее маг1арул мац1 рахьдал мац1лъун кколел.
13. Гьединабго чанго росу буго Ансалт1а лъарал к1к1алахъ гьанжесеб Болъихъ районалдаги.
14. Тарихчаг1азул цо ч1араб жаваб гьеч1о г1анди-цезазул халкъаз сверун ккурал ч1инк1иллъабиг1адал гьел ракьазде, маг1арулазе хасаб ракьалдаса рик1к1ад маг1арул мац1 жидее рахьдаллъун бугел  гьел г1адамал кин ккарал абураб суалалъе.
15. Гьелдалъун бихьулеб бук1аниги гьел г1адамал гьенире гочун рач1арал рук1ин ва лъалеб бук1аниги жибго Ункъракьги ва Болъихъ районалда ругел гьел росабиги кидаго Авар ханлъиялъул щулалъабазул цоял рук1араблъи.
16. Ункъракьалъул ахирисел амирзаби рук1ана аваразул ханзабазул рукъалъул чаг1и ва ч1ейги гьезул бук1ана Къеди.
17. Тарихиял хъвай-хъваг1аял руго Болъихъ районалда Ансалт1а лъарал к1к1алахъ ругел маг1арулазул росабазда ва гьезда нахъа бугеб чачаназул Ч1арбил мухъалда Къедиса амирзабазул квершел бук1араблъиялда ишара гьабулел.
18. Къеди буго жинда «Гьидерил хабал» абулеб хабал.
19. Гьединго буго бицен байбихьуда гьел ракьазда квершел гьабун рук1анин гьидалъел. Хундерил нуцабазул чаг1азе ракьги бичун гьел нахъе гочанин ва  г1уц1ц1анин Ч1ик1аб росу.
20. Шамил районалда бугеб Гьид мухъалъул Г1урада росдал г1адамаз абула Къедиги Ч1ик1абги росаби жидер г1адамаз г1уц1ц1арал ругин.
21. Туплисалъул архивазда бугеб 1884 соналъ гьабураб цо хъва-хъваг1аялда Къедиса амирзабазул чаг1аз бицунеб буго жидер умумуз Къеди ракь босизе цебеккун босун бук1ун бугин Шамил районалъул Хучада росдал ракь. Гьебги нахъе кьун босараб бугин Къеди ракь.
22. Тарихалда ругел баяназда ва биценалда рекъон, къедисезул Асали абулеб магъилъ гьанжеялдаса 700-800 соналъ цебе нек1сияб росу бук1ун буго.   
23. Гьеб росу бук1араб бак1алда г1агарда руго кьураби жидеда «Г1урус-кьонлъал» ан абулел.
24. Рич1агьанихъазул щобдаса г1одобе Асалиги бач1ун, гьеб росу бук1араб бак1алда жанисанги ун, Г1урус кьонлъалги къот1ун, Къеди байдабахъеги щун, гьениса т1аде Сиват1е (Сиялде), гьениса Игъадахъ (Ягодак) щобде унеб нек1сияб нух бук1ун буго.
25. Гьеб нух бук1араб кинабго мухъккун жакъаги рихьизе рес буго инсанасул кверазул лъалк1ал: къадал хут1елал, лабаллъуда свераби, кьуру бик1ун гьарурал г1ат1илъаби, ганч1ил занал ва гь. ц.
26. Асали гьеб нек1сияб росу бук1араб бак1алда аск1об бук1ун буго насраниязул килиса. Гьелъул бук1араб к1удияб ганч1ил хъанч жидеда лъалеб мехалъги гьеб бак1алда бук1анин бицуна Къедиса харабаз.
27. Гьенир гьанже Къедиса нуцабазул хъизаназул рук1арал кулабазул хут1елал руго.
28. 1844 соналъ Шамилил муридзабаз Къеди Кавуда бух1араб хъала бук1араб бак1алда мина базе гьелъул гъоркьияб т1алаги кьуч1ч1ги ракьалдаса ва салиялдаса рац1ц1ад гьарулаго къват1ир раккарал къадал ганч1азда гьениб бук1араб къайи-ц1а бух1ун лъугьарал кьер-кьерал мухъал рук1анин бицуна харабаз. Жеги буго бицен гьенир рук1анин нуцабазул бечелъи ц1унулел рукъзал, цогидаб къайи-ц1агун цадахъ гьенир чилай-хамалъул тупалги рук1ун ругин. Гьеб хам бух1улаго лъугьарал ругин ганч1азда хут1арал кьер-кьерал мухъал.
29. Асали Г1урус кьонлъахъ бугеб нек1сияб росулъ рук1арал г1адамазул лъугьарабин абулеб цо тухум буго Къеди.
30. Гьидалъел Къедиса нахъе иналъул чанго бицен буго. Буго гьединго бицен гьел киналго инч1инги. Х1исаб гьабидал абизе бегьула Асали рук1арал г1адамалги гьидалъел кколин, насраниязул диналда ругеб мехалъго гьенир рач1ун рук1арал. Цоги бицен буго гьел г1адамал армениял рук1анин. Насранияб диналъул даг1ватчаг1и рук1ун ратизеги рес буго.
31. Буго бицен Гьидерил хан Къедиги гьениса нахъе Гьидалъеги Т1индиса ва гьезул маг1ардаса унаанин.
32. Тарихалъул х1исаб гьабидал бихьулеб буго гьидалъел Къедиса нахъе ун рук1ин XV – XVI г1асрабаз. Гьеб  заман ккола Г1усманиял турказ Константинополалда т1ад кершел гьабиялдалъун Китаялъулгун гьелъул бук1араб дармил ишги ч1ч1араб Дарай-нухалъул к1варги хвараб. Гьеб заман данде кколеб буго гьириялъ, гъалгъаялъ, чачаналъ дармил нухалда т1ад рук1арал росабалъа, хъулбуздаса г1адамал нахъе араб заманалда. Жидеца ц1унулел нухазда базаргабиги дагьлъидал, гьелдаса бук1араб хайирги т1аг1идал, дагь-дагьккун гьел нахъе гочун ратила.
33. Гьелъулги гьелда цебе хъваралъулги маг1на гьеч1о Ункъракь Гьидерил бет1ергьанлъиялда гъоркь бук1анин абураб. Гьеб бук1ун батизе бегьула Гьидерил ханзабазул квершаликь. Гьелги кидаго, г1адаталда рекъон, Хундерил ханзабазул рукъалъул чаг1и рук1ана.
34. Т1индиса Дагъбашалде, Хучаде ва бит1ахъе гьидалъ Г1ураде унеб нек1сияб нухалда т1индисез «Умумузул нух» абула.
35. Гьоркьохъел г1асрабазул ахиралда Т1индисезги к1к1аралазги къасд гьабуна Ункъракьалда т1ад квер лъезе. Жакъаги Т1инди буго хабар цебезаманалъ Къиял мухъги Ункъракьги жидер квершаликь бук1анин, жидехъа гьеб бахъанин хундерил ханзабаз.
36. Тарихалда буго баян, XVI г1асруялъул байбихьуда Т1инди г1умру гьабун рук1анин Гъайтулал абулеб тухумалъул г1адамал. Гьел ккола Булач-нуцалил вац Х1ажиг1алил вас Гъанбулатил хъизан. (Булач-нуцалил квершаликь бук1ана Авар-г1орухъе щвезег1ан Хунзахъ т1алъи ва Къиялалагун цадахъ Г1анди г1орул мухъ, Х1ажиг1алил квершаликь – Гьидалъ мухъ ва гьелда г1агарда ругел ракьал). XIX г1асруялъул байбихьудаги Т1инди г1умру гьабун рук1ана гьев Гъанбулатил наслуялъул Денга-х1ажилал (Динга-швили) абураб хъизан, т1индисезда гьоркьор бищунго жидер къадру ц1ик1аралги рук1ана гьел.
37. Бак1алъул г1адамаз цебезаманалъ Т1инди росдада Шагьарин абулеб бук1ун буго. Гьоркьохъел г1асрабаз ва хадуб XIX г1асруялде щвезег1анги Бакът1ерхьул Дагъистаналда бищунго к1удияб лагъзадерил базарги Т1инди бук1анин абун тарихалда баянги буго.
38. Щиб бугониги балев чияс гьеб бай халат гьабулеб бугони т1индисез абулеб бук1ун буго: «Халат гьабуге – мун Ширван-хъала бала гьеч1о» - ян.
39. Щив вугониги чи нухда хех унев вугони Т1инди абулеб бук1ун буго: «Бигьа а, мун Гъалгъаялъе унев гьеч1о» - ян.
40. Тарихчаг1и т1ад рекъараб жо буго Авар ханзабазул аскар г1емерисеб гьидерил г1адамаздаса г1уц1ц1араб бук1араблъиялда ва пачалихъалъул рик1к1адал г1орхъаби ц1унулелги гьенир ран рук1арал хъулбузда ч1аралги г1адамал гьезул рук1араблъиялда.
41. Жинда «Умумузул нух» ан ц1ар бук1араб нек1сияб нух, Ункъракьалъул Игъадахъ щобдаса г1одобе Аргун г1оралъул к1к1алахъе Хьарубги щун, къиялазул Джеинжаре маг1ардаса унеб бук1ана Итум-хъалаялде. Гьениб Чанти-Аргун г1орги бахун, борхатаб гьеч1еб чанго муг1рул щобги гирун щолаан Гъалгъаялъ «сиязул шагьар» Таргъималде.
42. Игъадахъ щобдаса байбихьун Гъалгъаялъе щвезег1ан гьеб кинабго нухда бак1-бак1алда ран руго нек1сиял хъулбиги, нухлулаз ва гьезул х1айваназ жаниб сордо балел рукъзалги. Гьединаб цо хъала бук1ун буго Игъадахъ щоб бахараб бак1алдаги. Гьелдаса бач1араб буго гьеб мег1ералда «Гьиндухъ» абураб ц1арги. (Гьиндухъ – Гьиналъухъ. Гьин – хъала).
43. Гьебго маг1арда жакъаги бихьизе рес буго ункъракьалъулаз «Ганч1и-бокьал» ан жинда ц1ар тараб, ц1акъ бицатаб ракьул гъатги т1ад бугеб, к1армал сверун гьабураб ригь (караван-сарай).
44. Гьенибго г1агарда, цебезаманалъго рук1арал г1адамаз т1ухьи ва г1арац гьоркьоб бугеб маг1дан бахъизе рухъарал бак1алги руго.
45. Дунялалъул жагърапияб ва тарихалъул г1елмуялда бихьизабун буго океаналъул гьумералдаса т1аде 2952 метраялъул борхалъуда Бакът1ерхьул Дагъистаналда бугеб Игъадахъ муг1рул щоб къот1ун унеб бугин караваназул ва боц1и гочизабулеб нух.
46. Жиб къот1ун бит1ахъе Гьидалъеги Гъазигъумекибеги унеб Умумузул нух бук1араб т1индисезул муг1рул щоб ва Ункъракьалъул Игъадахъ щоб, киг1анго борхалъуда жал ругониги, хасалоги къаларо.
47. Т1индисаги Къедисаги унеб караваназул нухда Игъадахъ щобда жубала гьединабго нухалъул цоги г1аркьел, жиб Гьакъоса т1аде бач1унеб ва жинца Ц1унт1аги, Гуржистаналъул Кахет ва Туш ракьаздеги рачунеб.
48. Игъадахъ щобда караваназул нухлул раг1алда буго борхалъи ункъракьалъулаз жинда «Дуг1а гьабулеб гох1» ан ц1ар тараб. Гьенибго аск1об буго «Шайихасул» ан абулеб хобги.
49. Гьенисан чанго нусго метраялъул манзилалда буго кинабго сверухълъи жинда т1асан бихьулеб, «Ц1ад гьарулеб бет1ер» ан къедисаз жинда абулеб борхатаб мег1ер. Ракъдалаб риидал гьениреги рахун гьарула гьез ц1ад. Караваназул нух бук1ун буго гьеб маг1арда гъоркьан ва гьеб бук1араб бак1алда нухлул раг1алда буго «Жал хъолеб ицц» абулеб лъел иццги. Гьеб ц1аралъ бицунеб буго гьелда аск1об кин бук1аниги ва лъие бук1аниги къурбан хъолеб бук1араблъи.
50. XX г1асруялъул к1иабилеб бащалъудаги гьеб щоб къот1ун гьеб нухдасан Къиялъ, Чачналъ, Гъалгъаялъ, Гьириялъ, х1атта Россиялде унелгицин г1адамалги гьезул боц1иги хьвадулаан.
51. К1удияб Чилай-нухалъул Мисимианалъул ва Дариналъулин абулеб к1иго г1аркьел Гъалгъаялъул Асса г1орул жаниблъиялдаса ва Терекалъул жаниблъиялдаса Казбек мег1ералъул хьибил ч1ванги ун, Кавказалъул К1удияб щобги къот1ун Гуржистаналде Ч1ег1ер ралъдал раг1аллъабазде щолеб бук1анин абураб хабаралъе кьуч1 ц1ехезе лъугьине ккеларо – гьеб батараб ва лъалеб буго.
52. Амма Каспиялъул раг1аллъабаздаса ва Дербенталдасаги бач1ун, кинабго Жанисеб Дагъистанги чачаназул ва гъалгъаязул муг1рулги къот1ун ун «Сиязул шагьар» Таргъималде ва Терек г1орги жанисан чвахулеб, «Военно-Грузинская» абулеб гьанжесеб нухги бугеб к1к1алахъ доб ц1ар раг1араб нухгун жубалеб нек1сияб нухалъул бук1араб к1варалда щакдариги лъуг1ун гьеч1о, «Караваназулаб» аби гуреб цоги «ах1долеб» ц1арги жеги гьелъие кьун гьеч1о.
53. Тарихалъул г1алимзабаз абулеб буго чачаназул муг1рузда гьеб нухда рук1арал ва жакъаги рихич1ого ругел хъулбиги сиялги рараб заман бугин XIII-XIV г1асраби. Гьеб буго Шималияб Кавказалъул кинабго авлахъ Золотая Орда абулеб монголазул пачалихъалъул квершаликь ва Нахъисеб Кавказ Гуржистангун цадахъ гьелго монголазул Хулагу абулев ханасул наслабазул квершаликь бук1араб, Золотая Ордаялдаги гьел Хулагулаздаги гьоркьоб гьел ракьал сабаблъун лъуг1и гьеч1еб рагъ-кьалги бук1араб заман.
54. Гьел хъулбузулги сиязулги рук1арал бет1ергьабазул ва гьеб нухалъул Игъадахъ – Таргъим къот1елалда г1агарда ругел цо-цо бак1азул ц1аразул х1исаб гьабидал бихьулеб буго гьел чачанлъиялъеги чачаназеги г1адатиял гуреблъи. Гьелъул г1аксалда гьел Сарир пачалихъалъул цересел ва хадусел ханзабазул ц1аразда ц1ик1ун рухьарал рук1инги бихьун бижана пикру жиндир заманалъ гьеб нухалъул ц1акъ к1удияб к1вар бук1ун батилин.
55. Тумаз абулеб буго жидер ракь къот1ун чачаналъе балагьун унеб бук1араб гьеб нек1сияб нухалъул бит1ахъегояб бухьен бук1анин К1удияб Чилай-нухалъулгун.
56. Гьеб нухалъул бук1араб к1варалъулги гьелдаса г1андаллъиялъе бук1араб пайдаялъулги жакъаги бицуна Сугъралъ ва Ч1охъ росдал харабаз. Г1андалал ккола Гьидги К1к1аралалги г1адин маг1аруллъиялда бищунго къуватал ва къадруял жамаг1атазул цоял.
57. Гьоркьохъел г1асрабазул заманалдаги гьелдаса цереги Дагъистаналда рук1ана хасал росаби, художественияб ва халкъалъул рук1а-рахъиналъе х1ажатаб къай гьабиялда т1ад ч1арал. Гьезул къебелъабахъ гьабураб къай Дагъистаналда гуребги цоги-цоги халкъазда гьоркьобги г1ат1идго т1ибит1араб бук1ана. Маххул, ганч1ил, ц1улал ва ракьаялъул т1аг1елал накъиш бахъун къач1ай, щаг1ил ц1араг1, месед-г1арацалъул курхьен-к1илик1 гьаби, т1ансаби ресси, хвалчен-ханжар г1адинабги кьвагьулебги ярагъ гьаби гьел росабалъ ц1акъ т1адег1анаб даражаялда г1уц1ун бук1ана. Кубачи, Кумух, Балхар, Ахты, Мик1рахъ, Хив, Хуч1ни, Дербент, Гьоц1алъ, Гъамсукь, Унсоколо, Амузги, Х1арбук1, Т1асияб Казанишуб, Ч1охъ, Сугъралъ, Ансалт1а, Рахат1а, Г1анди ва гь. ц. росабалъ рук1ана гьединал къебелъаби ва киналгоязде г1унт1ун гьел росабиги Дербент (яги Самур г1орул к1к1ал) - Кумух – Г1урада – Къиялал - караваназул нух бук1араб мухъалда бит1ун т1ад яги гьелда г1агарда руго. Гьелда бан бижун буго суал: щай гьеб гьедин бугеб ва гьел росабалъ гьеб иш цебет1еялъе г1ила гьеб нухда ва гьелъул бук1араб к1варалда бухьараб гьеч1одай, цоги г1ила бук1инадай гьединаб х1икматаб дандеккеялъе абун?
58. Унтабазул ва гьел сах гьариялъул бицунеб г1елмуялда жаниб рехсараб «Бихчетил унти» ян ц1ар бугеб унти г1алимзабаз бухьизабун буго гьеб нек1сияб дармил нухда, гьединлъидал гьелъул к1иабилеб ц1арги буго «Чилай – нухалъул унти» ян, щайгурелъул гьеб унти бугел бищунго г1емер г1адамал т1атун руго гьеб нух жанисан бук1анин абулел ракьазда г1умру гьабун ругел халкъазда гьоркьор. Кавказалда Дагъистанияздаги, чачанал-гъалгъаяздаги гьоркьор гьелъ унтарал г1адамазул къадарги бищун ц1ик1араб буго. Гьезда гьоркьобги дагъистаниязул къадар бищунго ц1ик1араб буго.
59. Тарихалъул г1елмуялда жаниб бихьизабун буго 1453 соналъ турказ  Константинополь бахъун хадуб К1удияб Чилай-нухалъул иш нахъе ккедал, Азиялъул чанги шагьар ч1унтанин, гьеб нухалъул х1алт1иялда жидер цебет1ейги бечелъиги бухьарал. Дагъистаналъул тарихалдаги буго баян XV г1асруялда Дербент ч1унтиялъул. (Турказ Константинополь бахъи гуребги, дунялалъул ралъадал къот1ун ц1иял нухал рагьиги ккана К1удияб Чилай-нухалъул х1алт1и хвеялъе г1илалъун).

   P.S. Нус-нус соназ цебе нилъер муг1руздасанги бук1анин Чилай-нухалда жиб бухьараб к1удияб к1варалъул нухин абураб нижер пикру рит1ухъ гьабиялъе гьанир т1адехун рачарал баянал гьездалъун къокълъуларо. Гьел баяназул цо-цоял къокъал, жиделъ бугеб маг1на сунда бухьарал ругеб т1убанго бич1ч1уларел ругониги, жидада сверухъ г1емераб хабар бугел руго ва гьеб хабарги гьеб нухда бухьарал руго. Шаклъи гьеч1о гьанже хадур гьаризе рак1алда бугел ц1ех-рехазул х1асилалда гьел баянал жеги г1емерлъизе рук1иналда, гьелдалъун нилъер тарихалъе к1вар бугеб чанги ц1ияб жоги рагьизе бук1иналда.
Хириял маг1арулал, гьари буго нужеда лъалеб раг1араб жо гьеб нухалъул х1акъалъулъ батани гьаб номералде ах1еян.               
                89034810540
                2017 сон. 
                ismail_1967@mail.ru