Алмак - фронтовики. Батилмирза Исагаджиев
(на аварском языке)
НАЛЪУКЬ ХУТ1ИЧ1О.
\Батилмирза Г1исах1ажиевасул х1акъалда\
стр. 9.
К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизе г1езег1ан моц1ал рук1аго 1939 соналъул октябралдаго армиялде ах1ана Калининаулалдаса Батимирза Г1исах1ажиев. Т1оцересел къоясдаго гьев ккана Япониялъулгун г1орхъоде, рик1к1адаб Востокалде. 1941 соналъул 5 марталде щвезег1ан гьенив хут1ана. Хадуб гьев гъорлъ вук1араб кьвагьдохъабазул полк Литваялъул г1орхъоде рехана.
Нилъер ракьцояс хадуб ккунисеб хъулухъ гьабулеб бук1ана гьениб. Фашистал тохлъукье аскарал нилъер ракьалде рехараб 22 июналъул радакье, саг1ат 4 ялда Батимирза вук1ана посида ч1ун. Лъугьунеб бугеб ах1вал-х1алалъе г1емер тохго рук1ин ч1ониги церехун иналъе нух къот1ана тушманасул самолетаз рехарал рик1ен г1емерал бомбабаз. Нухал къана х1атта нахъ руссинецин.
Батимирза бищунго кьог1ал рагъазулъе г1ахьал лъизе ккана 1942 соналъул октябралда. Байбихьуда тушманасул къуват ц1ик1к1араб бук1ана. Хадуб нилъеразги гьаваялдасан самолетазул, г1одосан абуни танкабазул къадар ц1ик1к1инабуна ва байбихьана гучал т1адецуял ва гьужумал гьаризе. Гьелдаса хадуб дагьабго г1одоре риччай бук1ана. Гьеле гьеб мехалда Б.Г1исах1ажиев гьалмагъзабигун сверун куна ва бащалъи гьеч1еб рагъ гьабизе ккана. Гьенир хут1ана гьев ва командир. Гьесул квег1аб бералда т1аса бет1ер ва кваранаб бохги зах1матго лъукъана, живго лъавуде вач1иналде санчасталда ватана.
Батимирзае зах1матаб операция гьабуна ва гьелдаса хадув цин Рязаналъул ва хадув Казаналъул госпиталалда сах гьавуна. 1943 соналда абуни инвалид х1исабалда рукъове вит1ана. Т1адвуссаралдаса х1алт1ана тукадул ва складалъул заведующийлъун, школалъул завхозлъун. Гьебго заманалда т1убана общественниябгун тарбия кьеялъулаб х1алт1и.
1941 соналда абуни гьес сапар бухьана х1ежалде ва гьеб т1убана. Аллагьас къубул гьабураб батайгийин Батимирза-Х1ажил гьеб.
Г.»Коммунист» №46 от 09.05.92 г. №46, с.2.
Б.Исагаджиев.
Свидетельство о публикации №209073000003