Алмак - фронтовики. Абдурахман Магомедов

 Абдурахман Магомедов

(на аварском языке)


ВАТ1АНАЛЪЕ  ХИЛИПЛЪИ  ХАСИЯТЛЪУН  БАТИЧ1О.
стр. 107.
Жеги 18 соналъулаб г1умруялъул нуц1а рагьун бук1инч1о Алмахъалдаса Мух1амадов Г1абдурах1маница Дагъистаналдасаго г1агараб Ват1ан ц1унулезул къокъаби бокьун фронталде унел ругилан г1агараб росолъ хабар т1обит1араб заманалда. Лъида дандбалеб, щивгун к1алъарав – гьеле г1олиласул т1оцере рижарал пикраби Аллагьасул талих1 – росолъа г1емерал ратана гьесда жиндиргог1адаб ниятгун, гьединалго ратана г1емерал дандч1валел рук1арал мадугьалихъа – Буртунаялдаса г1олилалги.
Гьанжеги херас рек1елъан бач1унеб бух1игун рехсола росолъа Исх1акъ Чичилбиевасул ва Магьдихан Г1абасовасул, Г1алисултан Набиевасул ва Патаг1али Эсенбаевасул, Найбодин Х1амзатовасул ва Х1амид Г1абдулах1идовасул, Назир Навурбиевасул ва Мусса Темирукъаевасул, Зикрула Мусавузовасул ва Басир Идрисовасул, Гъайирби Гъарабатировасул ва Байсурукъа Идрисовасул, Лах1ит Адиевасул ва Башир Гъандавуровасул, Зайнудин Закаряевасул ва Мух1амадхан Зайпулаевасул, Саид Салмановасул ва районалъул росабалъа васазул рак1алде рач1арал ц1арал.
Росу – ракь нахъа тана, тухум – агьлуялъ нухда рег1ана, ахир – къадги Дагъистаналъул вассал решт1ана Тбилисаялда сверухъ ругел рагъулал базабазде: Хашура, Сурама, Авчал. Хехабго ц1алул курс лъуг1изабуна 110 абилеб кьвагьдохъабазул полкалда, Щвараб рагъулаб х1албихьигун районцоялгун ва цогидал Дагъистаниялгун гьел ккола Смоленскиялъул сверухълъуде.
Дие к1удияб асар гьабулаан Ват1ан ц1унизе рес щвеялъ. Гьанже бокьарас бокьараб бицунеб заман бач1ун бугониги, нахъе хут1аразе абилаан: нижер г1инда раг1улеб бук1ана «За честь жены! За жизнь детей! За Родину! За Сталина!» абун. Гьел рорхун абулел раг1аби гуро, гьел руго жакъаги х1ажатал раг1аби. Ват1аналъе хилиплъи ниже хасиятаблъун лъугьинч1о, гьеб ц1унараллъун нижер г1ел гьанжеги хут1ана – ян бицуна харабас.
Смоленск, Орша, Витебск – гьел ц1арал руго рагъухъанасул гьунаралъулаб т1ахьида. Кинал гьел рук1аралали бицуна доба – фронталдаго кьураб «За отвагу» медалалъ, хасаб ч1ух1игун кодобе босулеб «За победу над Германией» шапакъаталъ. Шапакъатал хадурги рач1ана Бет1ергьанчиясда гьел ратана. Амма бищунго хирияб шапакъат Г1абдурах1мание ккола идарабаз рагъулал гьалмагъзабигун дандч1вазе рес рекъезаби.
Орша шагьаралъул бакът1ерхьулаб рахъалда зах1матго лъукъана, чанго сордо – къоялъ хут1ана нилъерго рагъухъаби т1аде ккезег1ан. Гьениб рух1бахъи х1акъаб бугилан рак1алде ккарав маг1арулав гьале Аллагьас муг1рузде т1ад вуссинавун вуго. Госпиталалъул палатаби, къот1изе ккана ракьахъур – хъурараб кваранаб бох. Инвалид т1ад вуссана инсул сверуде хьулгун. Амма Ленинил ва Молотовасул ц1аралда Алмахъалда ва сверухълъиялда рук1арал кулабазул кьуч1алда г1уц1арал колхозал гочинарун ратана гьанжесеб Ленинаулалде. Щибха гьабилеб – гьединаб х1укму къот1ун батана х1акимаз.
Дида рак1алде ккола доб рагъдаса руссаралщинал наял ругилан, цо лах1заталъги гьел квер т1ат1ала лъун ч1еч1о. Гьаниб батараб мискинлъи бихьидал сахасдаги цо раг1алда ч1езе к1веч1о. Кибго квер щвараб зах1маталъулаб  х1алт1и гьабизе ккана: звеновод, харил кампаниялъул бригадир, 1947 соналдаса т1убазабулеб буго «Гьудуллъи» колхозалъул боц1у фермаялда хъаравуллъи, бижарараб куцалда т1убазабуна колхозалъул рохьихъанасул х1алт1иги. Кверда пинкъ бахъинч1ого нижер г1елалъе хинк1 щвеч1о. Гьединал ратана т1адругел ц1ик1арасел х1акимзабиги. Гьанже гьабулеб бат1ияб буго, бихьулелдаги божизецин бач1унаро - ян пашманлъула рагъухъан цо – цо нухалда.
Нижер бук1араб, гьанже гьеч1еб цо рахъги буго: нижер вук1ана Г1абдурах1ман Даниялов, нужее гьединав щвеч1о. Г1абдурах1манихъа гурони гьадаб иш бажарунги бахъинароан , гьес Дагъистаниязе гьабураб и шва гьес нилъ сундаса хвасар гьаруралали киназего баянаб буго, амма баянаб къадру гьабич1о, къимат кьеч1о гьесие нилъеца. Гьунар бижуна Аллагьас кьун бук1ана – ян цо жоялда жив разилъунгурт1и загьир гьабизе бокьараб г1адин  рехсолеб буго фронталъ сакъатлъи кьурав, зах1маталъ к1век1арав Ват1аналъе хилиплъич1ев херав Алмахъас. Гьанже херлъарав рагъухъанас жиндирго ургъел гьабуларо, г1ураб т1алаб гьабулин Ват1аналъ жиндиран бицуна Г1абдурах1маница: г1ураб пенсия, хьвадизе инвалидазулаб автотранспорт, бух1изе ц1атари – гьединал руго рагъулав инвалидасе ч1езарурал бигьалъаби. Амма гьес ургъел гьабулеб буго нахъе толел ирсилазул, гьезул лъималазулги. Ургъелги кинха гьабулареб – боркьараб корг1адаб ракьалда ругелъулха гьелги, гьезул т1алабалда вугев хилиплъи лъаларев херав рагъухъанги.
Нилъер къуват буго гъункиялъулъ. Гъунки Салатавиялъулазулъ кидаго батараб буго, божула нилъ Бет1ергьанас балагьаздаса ц1унизе рук1иналда. Тарихалъул гъварилъуде ваккун, г1умруялъул борхалъуде щварав Инхоса Г1алих1ажияс нилъер багьадурзабазул адресалда абурал ратила гьал раг1аби:
                «Ват1анияб т1алаб
                Т1обит1улаго
      Т1ерхьарал ц1вабазул
                Ц1ар к1оченаро»
Нилъеца бицен гьабулезул гьунар гьелъие нуг1заллъун ккола.
Материал данде гьабуна ва х1адурана нижер мухбир Мух1аммад Дадаевас. 


Рецензии