Алмак - фронтовики. Хайрудин Мирзаханов
(на аврском языке)
Т1ОЦЕРЕСЕЛ КЪОЯЗДАСАН БАЙБИХЬУН.
стр. 53.
Баг1араб Армиялде ах1арав Калининаул росолъа Хайрудин Мирзахановасда лъалеб бук1инч1о 1418 сордо-къоялъул рагъулаб нух жинца нахъатеязе бук1иналъул х1акъалъулъ. Гьесул рагъулаб билеталда гьадин хъван буго: «К1удияв Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна 1941 июналдаса 1945 соналъул маялдещвезег1ан» абун.
Рагъул т1оцересел къояздасан байбихьун 1942 соналъул ахиралде щвезег1ан гьес г1ахьаллъи гьабуна К1удияб Октябралъул революциялъул кинилъун кколеб, Владимир Ильич Ленинил ц1ар лъураб шагьаралъе г1оло гьарурал ц1об гьеч1ел рагъазулъе. Нилъер рокьцояс х1инкъи гьеч1олъи ва тушманасдаса къуркьунгут1и бихьизабуна Ленинградалъе г1оло гьарурал рагъазда. Гьенив лъукъарав гьев реххула Свердловскиялъул эвакогоспиталалде, сах гьавун хадусан вит1ула Сталининградалъул фронталде. 2-3 къо хут1ун бук1ана фельдмаршал Паулюсица бет1ерлъи гьабулеб «къей гьеч1еб» фашистазул 6 абилеб армиялъухъ гитлерилаб Германиялъ ч1ег1ер базе Хайрудин к1иабилеб нухалъги лъукъун, Энгельс шагьаралда бугеб госпиталалде ккезе.
Рагъда щварал ругъналги сах гьарун, рагъулаб къисматалъ гьев ц1идасан вачун немцазул жанавараздаса Украина эркен гьабулел рагъазулъе.
Тушманас бигьаго кьолеб бук1инч1о нилъер щивасе хирияб Ват1аналъул ракьул щибаб цедер, амма щвезабулеб гучаб къабиялъ гьесда бихьулеб бук1ана жидеца г1ададисеб рагъ гьабулеб бук1ин. Украиналъул Кременчуг шагьаралъе г1оло гьарулел рагъазулъ ц1идасан лъукъана Хайрудин.
Госпиталалда сах гьавун хадусан гьев г1ахьаллъана Молдавия, Румыния, Венгрия эркен гьабиялда. Венгриялъул тахшагьар Будапешт шагьар эркен гьариялъе карал ц1об гьеч1ел рагъазда лъуг1ана к1удияв сержант Х. Мирзахановасул рагъулаб нух. Ахирисеб рагъда щварал ругънал сах гьаризе гьев ункъо моц1алъ вегана госпиталалда.
Ват1аналъе гьабураб рак1бац1адаб хъулухъалъе г1оло Х. Мирзахановасе кьун руго «Багьадурлъиялъе г1оло», «К1удияб Ват1анияб рагъул къого сон т1убай», «Советиял яргъилал Къуватазул 50 ва 60 сон» т1убаялъул медалал ва цогидалги шапакъатал.
Гьединаб буго Х. Мирзахановасул рагъулаб нух.
Г.»Коммунист» от 09.05.85 г.
ХАЙРУДИН – КЪУРКЬИЧ1ЕЗУЛ ЦОЯВ.
стр. 63.
Алмахъалъул бац1адаб гьаваялда берцинаб т1абиг1аталда г1урав Хайрудин чорхолъ сахав ц1одорав, сундулго тохал гьабун бажарулев лъугьана. Гьедин батила 1940 соналъул июналда рагъулаб хъулухъалде ах1арав гьев Ленинградскияб областалъул Ловашово шагьаралда бук1араб г1исинал командирзаби х1адурулеб, полковияб школалде ккаравги.
Школа лъуг1ун хадув гьит1инаб командир х1исабалда цогидал рагъухъабигун цадахъ вит1ана Эстониялда г1агарлъудег1ан кколеб цо станциялде. Гьениб кьвагьдохъабазул 82 полкаялда хъулухъ гьабуна. Кват1ич1ого Таллиналде г1агарлъухъе рехана ва гьениб байбихьана хадув лъуг1инег1ан г1ахьаллъи гьабизе ккараб К1дияб Ват1анияб рагъ. Байбихьана гьеб радакье цого заманалда гьаваялдасан ва ракьалдаса. Самолетаз ралел бомбабаз г1одосан кьвагьулел г1арадабаз бихьулебг1ан бак1 т1убараб ц1аялде сверизабун бук1ана.
Тушманасул къуват ц1ик1к1араб ва тохлъукьего нилъер ракьалде рехараб бук1иналъ заманалъе нилъер рагъухъаби нахъе ц1азе ккана. Нахъе рачаниги ц1акъго г1асиял рагъазулъе г1ахьаллъана. 1942 соналда немцазухъа бажарана Волга г1орухъе рорч1ун, гьез квершел гьабулеб бук1ана Сталининградалдаги. Гьенир ккана тарихалда хасгьарун хъварал кьабиял. Нилъер командованиялда лъана Волга ккун Бакуялдехун, нефть гьарзаяб бак1алде инее тушманасе бокьун бук1ин, Бюрухъ бук1ана нахъе гали лъунгурт1изе.
Хайрудин гъорлъ вугеб рагъул подразделениялъ щулалъи ккун бук1ана красноармейскияб районалъул территориялда, амма тушманасул рахъалда бугеб ах1вал-х1ал лъалеб бук1инч1о. Взводалъул командирасул заместитель х1исабалда вук1арав гьесухъе хабар бач1ана тушманасул цо «мац1» (ч1агояв чи) х1ажат вугин. Фронталъул доб рахъалда бугеб х1ал лъазабизе 7 ял рахъана. Гьезда гьоркьов вук1ана нилъер ракь цоявги.
Разведчикал щвана тушманасул г1орхъоде. Х1ажат бук1ана цояв ине. Гьалмагъ командир, дие изну кье доб рахъалде ине абуна Хайрудиница, амма дос инкар гьабуна. Нахъеги т1алаб гьабуна ва лъабабилеб нухалда виччана. Маххул рог1ороялда гъоркьан лъугьун ана, бугеб куцалъул карта бахъана, цинги нахъ вуссун вач1унаго дагьавго ворхараб куц буго хайрудиниде реч1ч1изе байбихьана ва гьенив зах1матго лъукъана, анлъго бак1алда ругънал щвана. Лъукъаниги гьалмагъзабаз гъоркь теч1ого вачана. Гьеб бак1алдаго гьесухъе щвана тушманасул лъабго рагъухъан, гьезул к1игоял рук1ана немцазул рахъалъан нилъеде данде рагъулел Румыниязул к1иго офицерги. Гьезухъан нилъее щварал къиматал баяназ квербакъи гьабуна гьеб щулалъиялдаса тушман нахъе инавизе.
Х. Мирзахановасул х1ухьбахъи, сах гьавизе ч1араб заман дагьаб, х1алхьей гьеч1еб бук1ана. Ругънал руц1аралго байбихьана рагъде ва бит1ахъе фронталде ккана. Гьеб мехалда тушманас нилъеде мугъ рехун лъутулев вук1ана, амма немцаз жидедаго хадур толел рук1ана рух1арал росаби, шагьаралги, риххарал нухал-къоялги. Гьесда кьабиялги щвезарулаго цоялда хадур цогидал гьарун эркен гьаризе ккана Румыния, Балгария, Югославия ва Венгрия. Гьенир дандч1вана фашистазул дандеч1ейгун. Бук1аниги бахана Дуной г1ор, гьел нахъе хъамуна Будапешт, Печь шагьараздасан ва рагъал рехана Балотон х1оралъул раг1алде. Гьениб нахъеги квег1аб гъеж квеш лъукъана ва гьеб сах гьабизелъун Югославиялде вит1ана.
Солдатасул рагъул нух бечедаб буго рак1алда гьеч1ел лъугьа-бахъиназдалъун Украиналда унел рук1ана Киев эркен гьабиялъе г1оло т1орит1улел рагъал. Гьениб цо бак1алда Хайрудин дандч1вана немцазул унтер-офицергун. Гьаниб квер цебеккана маг1аруласул ва тушман ракьалде щапизавуна. Гьесухъан щвана ц1акъго х1ажатал баянал. Кодоса патронал лъуг1арав гьес гьалмагъасде гьарана гьел кьеян ва дос сахаб диск кьуна ва довехун вахаравго нахъеги к1иго офицер ч1вана. Гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъе ва лебаллъиялъе г1оло Мирзаханов Хайрудин мустах1икълъана «За отвагу» медалалъе. Амма гьенив гьелде рег1арав чи вук1инч1о. Медалалда гьев ватана рагъ лъуг1ун 10 соналдасан, ай 1955 соналда.
Анлъго нухалда лъукъана гьев рагъда. Ахирисел ругънал хьибилалда щвана, Румыния эркен гьабулаго. Гьелдаса хадув гьев вит1ана цин Тбилисалде цинги Харьковалде. Рагъдаса т1ад вуссана гьеб лъуг1араб соналъул июналда.
Ракълияб г1уц1ариялдаги раг1дукь вук1инч1о гьев. Рукъове т1ад вуссаралдаса лъеберго соналъ х1алт1ана магъил хъаравуллъун ва жакъаги общественнияб г1умруялдаса ват1алъун ч1ун гьеч1о.
Х1алт1и ч1алг1унаревлъун, зах1малъаби х1ехьолевлъун, инсанасе кумек бугевлъун ва обществалъе пайдаявлъун гьев гьавуна рагъул кьог1аб нухалъ. Зах1малъаби х1ехьезе ругьун гьавуна гьенив лъадариялъ.
Хъаравуллъиялда араб лъеберго соналдаги Хайрудин цого магъил ургъел гьабун вук1унароан. Гьесул квер ч1ва1 щолаан т1ощалие хъулухъ гьабулезеги, гьеб бак1арулезеги, кумек х1ажатазеги, хурухъабазги, механизаторазги гьесда г1емераб жо дандбалаан.
Хайрудиница тарбия кьун г1езабуна гьайбатаб, зах1матаб бокьулев хъизан. Лъималаздасан цояв Мах1амадх1ажи ккола районалдаго машгьурав механизатор. Гьесги жиндирго махщалида ругьун гьавуна жиндирго васги. Рагъул ва зах1маталъул ветеран Хайрудин Мирзахановасул х1акъалда лъик1аб пикру буго росуцоязул.
Мух1амад Салатгереев, Нижер хасав мухбир.
Г.»Чапар» от 24.10.94 г. с.4.
Свидетельство о публикации №209073000050