Алмак - фронтовики. Нуцалханов Г
(на аварском языке)
РАГЪУХЪАНАСУЛ БАХ1АРЧИЯБ НУХ.
Нилъер улкаялда рагъулаб х1инкъи т1аде г1агарлъараб 1940 соналъ цоцада хадур кьерал гьарун Баг1араб Армиялде унел рук1ана Казбек районалъул г1олохъабазул къукъаби. 13 сентябралда Дилималдаса Халунбеков Сайгидгьашим, Гъайирбеков Темиргоро, Алмахъалдаса: Нуцалханов Х1асан, Ильясов Х1абиб, Атаев Набигун Батайскиялдасан рик1к1адаб бакъбаккуде къот1ана рагъухъабазул эшелон. Нуцалханов Х1асанида ва цогидал рагъухъабазда цебе лъураб масъала бук1ана Япониялъул т1аде к1анц1иялдаса Бакъбаккул т1орхъаби ц1уни. Мухъилав къвагьдохъан гъорлъ вугеб 156 хасаб батальон т1адч1ун х1адурлъулеб бук1ана рагъулаб ишалъе. Гьеб батальон гъорлъе унеб 57 механизмаздалъун хьезабураб бригада бук1ана округалдаго рагъулаб х1адурлъиялъул рахъалъ лъик1азул кьеразулъ.
1942 соналъул ахираял моц1аз фашистазул Германиялъул бут1руз масъала лъуна Сталининградалда ва Кавказалда т1ад кверщелги гьабун улкаялъул нарталдаса мах1рум гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло, нилъеда лъала, немцаз рагъулъе ц1ана бищунго гучал дивизиял, аза-азар танкаби, самолетал ва цогидабги рагъулаб техника! Советазул Союзалъул командование, гьеб х1исабалдеги босун, х1ажатаблъун ккана рик1к1адаб бакъбаккудаса Сталининградалде рагъуе х1адурараб кадразулаб армия рехизе. Гьелъул кьеразулъ бук1ана Х1асаница хъулухъ гьабулеб, хадусан гвардиялъулаб ц1аралъе мустах1икълъараб 333 кьвагьдохъбазул полкги. Рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе ва бажариялъе г1оло Х1. Нуцалханов т1амуна кьвагьдохъабазул отделениялъул командир.
1943 соналъул февралалда Х1асан т1оцесеб нухалда лъукъана ва къокъаб заманалда госпиталалде ккана. Сахлъун хадусан 54 хасаб саперазул батальоналъул кьвагьдахъабазул отделениялъул командир Нуцалхановасул бах1арчияб рагъулаб нух ана г1емерал шагьаралги росабиги эркен гьрулаго Сталиниградалдасан байбихьун Полтава-Киевалдасан Румыниялде, Венгриялде, Австралиялде.
1943 соналъул августалда тушманасул гулица Х1асанил рахьагун к1игъеж борлъана. Ругъун бук1ана зах1матаб. Сахлъун хадусан гьес байбихьана тушманасдасан ц1идасан къисас босизе. Х1асанил рек1елъ асар гьарулеллъун хут1ана Венгриялда Балатон х1оралда сверухъ ккарал х1алуцарал рагъал. Гьенив Х1сан т1адагьго лъукъана, амма заман инелде рагъулъе лъугьана. Гьесул анишлъун бук1ана тушманасдаса ахиралде щун къисас боси.
1945 соналъул апрелалда Ват1анияб рагьул ахирисел къояз Х1.Нуцалхановас хъулухъ гьабулеб дивизиялъ Австриялъул тахшагьар Венаялда т1ад кверщел гьабуна.
Ахириял рагъазулъе Х1асан г1ахьаллъана снайпер х1исабалда ва гьесул г1ужде реч1ч1арал гулбуз чанги тушманасул рагъухъан халаса лъуна. Рагъулъ бергьенлъи босун хадуб Х1асаница хъулухъ гьабулеб дивизия рехана Ираналъул Тебриз шагьаралде ва гьениса рукъове т1ад вуссана «Бах1арчилъиялъе г1оло», «Вена босиялъе г1оло», «Будапешт босиялъе г1оло», «Сталининград босиялъе г1оло» ва цогидал медалалгун.
Х1. Нуцалхановас бищунго хирияб хазинаг1адин ц1унун руго И.В. Сталинил баркалаялъулал кагътал: 1945 соналъул марталъ Балатон х1ор босиялъе г1оло, 1945 соналъул 29 марталъ №346 Австриялъул г1орхъоде щвеялъе г1оло, 1945 соналъул 3 апрелалъ №324 Вена шагьаралде г1агарлъиялъе г1оло, 1945 соналъул 13 апрелалъ №334 Вена шагьар босиялъе г1оло кагътал.
Инициативная группа «Алмахъ» хъвараб кагътие Подольск шагьаралдаса Центральнияб архивалдаса \ЦАМО РФ\ бач1ана архивалъулаб справка.
Гьелда буго Нуцалханов Х1асае к1иго нухалъ кьун бук1анила медаль «За отвагу». Гьединаб жо Х1асада жиндагоги лъалеб гьеч1оан.
Бах1арчияб, рагъулал гьунараз ц1ураб халатаб нух нахъатана Сталининградалдаса Венаялде щвезег1ан Алмахъалдаса рагъухъан, ц1адулав патриот Х1асан Нуцалхановас.
Рагъдаса хадусел киналго сонал Х1асаница кьуна г1агараб колхозалъул маг1ишат цебе т1езабиялъе.
Расул Идрисовасул «Салатавия-дир ч1ух1и» абураб т1ахьида \Мах1ачхъала, 2005 с., гь.247\ хъвалеб буго к1удияб х1урматгун рехсола Гъубахан Тавсултановас жиндир бах1арчияб зах1маталъ колхоз цебе бачарав «Х1урматаб г1аламат» орденалъул кавалер Нуцалханов Х1асанил ц1ар…
Гьанже 87 сонил г1умруялде вахарав \05.01.1920 соналъ гьавурав\ Х1. Нуцалхановас жигараб х1алт1и гьабула г1ун бач1унеб г1ел Ват1ан бокьулеблъун куцаялъе.
Х1адур гьабуна Х1ажимух1амадов Муса.
20.06.07 сон.
РАГЪУХЪАНАСУЛ БАХ1АРЧИЯБ НУХ.
Нилъер улкаялда рагъулаб х1инкъи т1аде г1агарлъараб 1940 соналъ цоцада хадур кьерал гьарун Баг1араб Армиялде унел рук1ана районалъул г1олохъабазул къукъаби. 13 сентябралда Дилималдаса Халунбеков Сайгидашим, Гъайирбеков Темиргоро, Алмахъалдаса Нуцалханов Х1асан, Ильясов Х1абиб, Атаев Набигун Батайскиялдасан рик1к1адаб бакъбаккуде къот1ана рагъухъабазул эшелон. Нуцалханов Х1асанида ва цогидал рагъухъабазда цебе лъураб масъала бук1ана Япониялъул т1аде к1анц1иялдаса Бакъбаккул т1орхъаби ц1уни. Мухъилав къвагьдохъан гъорлъ вугеб 156 хасаб батальон т1адч1ун х1адур лъулеб бук1ана рагъулаб ишалъе. Гьеб батальон гъорлъе унеб 57 механизмаздалъун хьезабураб бригада бук1ана округалдаго рагъулаб х1адурлъиялъул рахъалъ лъик1азул кьеразулъ.
1942 соналъул ахираял моц1аз фашистазул Германиялъул бут1руз масъала лъуна Сталининградалда ва Кавказалда т1ад кверщелги гьабун улкаялъул нарталдаса мах1рум гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло немцаз рагъулъе ц1ана бищунго гучал дивизиял, аза-аар танкаби, самолетал ва цогидабги рагъулаб техника! Советазул Союзалъул командование, гьеб х1исабалдеги босун, х1ажатаблъун ккана рик1к1адаб бакъбаккудаса Сталининградалде рагъуе х1адурараб кадразулаб армия рехизе. Гьелъул кьеразулъ бук1ана Х1асаница хъулухъ гьабулеб, хадусан гвардиялъулаб ц1аралъе мустах1икълъараб 333 кьвагьдохъбазул полкги. Рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе ва бажариялъе г1оло Х1. Нуцалханов т1амуна кьвагьдохъабазул отделениялъул командир.
И.Сталиница гьеб бергьенлъиялъул кьуна приказ Верховнияв главнокомандующиясул, Донской фронт баркун ва баркала кьуна киналго солддатазе ва командиразе немцада т1ад бергьаралъухъ. \Приказ Верховного Главнокомандующего по войскам Донского фронта. «Донской фронт Председателю Ставки Верховного Главнокомандования маршалу артиллерии тов. Воронову Командующему войсками Донского Фронта генерал-полковнику тов. Рокоссовскому.
Поздравляю Вас и войска Донского фронта с успешным завершением ликвидации окруженных под Сталинградом вражеских войск.
Объявляю благодарность всем бойцам, командирам и политрукам Донского фронта за отличные боевые действия»\.
1943 соналъул февралалда Х1асан т1оцесеб нухалда лъукъана ва къокъаб заманалда госпиталалде ккана. Сахлъун хадусан 54 хасаб соперазул батальоналъул кьвагьдахъабазул отделениялъул командир Нуцалхановасул бах1арчияб рагъулаб нух ана г1емерал шагьаралги росабиги эркен гьрулаго Сталиниградалдасан байбихьун Полтава-Киевалдасан Румыниялде, Венгриялде, Австралиялде.
1943 соналъул августалда тушманасул гулица Х1асанил рахьагун к1игъеж борлъана. Ругъун бук1ана зах1матаб. Сахлъун хадусан гьес байбихьана тушманасдасан ц1идасан къисас босизе. Х1асанил рек1елъ асар гьарулеллъун хут1ана Венгриялда Балатон х1оралда сверухъ ккарал х1алуцарал рагъал. Гьенив Х1сан т1адагьго лъукъана, амма заман инелде рагъулъе лъугьана. Гьесул анишлъун бук1ана тушманасдаса ахиралде щун къисас боси.
1945 соналъул апрелалда Ват1анияб рагьул ахирисел къояз Х1.Нуцалхановас хъулухъ гьабулеб дивизиялъ Австриялъул тахшагьар Венаялда т1ад кверщел гьабуна.
Ахириял рагъазулъе Х1асан г1ахьаллъана снайпер х1исабалда ва гьесул г1ужде реч1ч1арал гулбуз чанги тушманасул рагъухъан халаса лъуна. Рагъулъ бергьенлъи босун хадуб Х1асаница хъулухъ гьабулеб дивизия рехана Ираналъул Тебриз шагьаралде ва гьениса рукъове т1ад вуссана «Бах1арчилъиялъе г1оло», «Вена босиялъе г1оло», «Будапешт босиялъе г1оло», «Сталининград босиялъе г1оло» ва цогидал медалалгун.
Х1. Нуцалхановас бищунго хирияб хазинаг1адин ц1унун руго И.В. Сталинил баркалаялъулал кагътал: 1945 соналъул марталъ Балатон х1ор босиялъе г1оло, 1945 соналъул 29 марталъ №346 Австриялъул г1орхъоде щвеялъе г1оло, 1945 соналъул 3 апрелалъ №324 Вена шагьаралде г1агарлъиялъе г1оло, 1945 соналъул 13 апрелалъ №334 Вена шагьар босиялъе г1оло кагътал.
Инициативная группа «Алмахъ» хъвараб кагътие Подольск шагьарлдаса Центральнияб архивалдаса \ЦАМО РФ\ бач1ана архивалъулаб справка.
Гьелда буго Нуцалханов Х1асание к1иго нухалъ кьун бук1анила медаль «За отвагу». Гьединаб жо Х1асада жиндагоги лъалеб гьеч1оан.
Книга памяти «Назовем поименно» абураб т1ехьалдаги буго гьесул ц1ар хъван.
Бах1арчияб, рагъулал гьунараз ц1ураб халатаб нух нахъатана Сталининградалдаса Венаялде щвезег1ан Алмахъалдаса бах1арчияв унго-унгояв маг1арулав, бихьинчияв рагъухъан, ц1адулав патриот Х1асан Нуцалхановас. Рагъдаса хадусел киналго сонал Х1асаница кьуна г1агараб колхозалъул маг1ишат цебе т1езабиялъе. Расул Идрисовасул «Салатавия-дир ч1ух1и» абураб т1ахьида \Мах1ачхъала, 2005 с., гь.247\ хъвалеб буго к1удияб х1урматгун рехсола Гъубахан Тавсултановас жиндир бах1арчияб зах1маталъ колхоз цебе бачарав «Х1урматаб г1аламат» орденалъул кавалер Нуцалханов Х1асанил ц1ар…
Гьанже 88 сонил г1умруялде вахинег1ан \05.01.1920 соналъ гьавурав\ Х1. Нуцалхановас жигараб х1алт1и гьабулаан г1ун бач1унеб г1ел Ват1ан бокьулеблъун куцалде.
01.11.08г. ана мунагьал чураяв Х1асан Нуцалханов Аллагьасул къадар щун… Доб Дунивалалде нух бит1ун ккаги Аллагьас гьесул.
Мах1ачхъалаялда ругел алмахъазул рахъалъан Х1ажимух1амадов Муса.
10.11.08 сон.
\бахъана газетаялда «Х1акъикъат», 12.12.08 с. №237-240, гь.25\.
Свидетельство о публикации №209073000065