Алмак - фронтовики. Жамалдин Шамсудинов

ПРАГАЯЛДАСА  ПОРТ – АРТУРАЛДЕ .

(на аварском языке)

Калининаулалдаса Жамалдин Шамсудинов Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе ах1ана 1940 сонил июль моц1алъ. Гьес гьеб ракълилаб соналъ хъулухъ гьабизе ккана Мурманск шагьаралда.
Цоялда хадуб цо гьарун унел рук1ана гьеб ракълил соназул моц1ал ва Жамалдинида кинго рак1алда бук1инч1о живго гьел рагъулал ц1аязда гьоркьосан тушманасде т1аде инее ккелин абун.
1941 сонил 22 июналъ финазулгун гитлеразул т1оцебесеб кьаби т1аде босана гьесхъулухъ гьабулеб 61 абилеб автомашинабазул полкалъ. Гьезда цебе масъала лъун бук1ана Мурманскиялдехун тушман инее кколеб 314 абилеб борхалъи щулаго кквезе. 14 нухалда цоцахъа бахъана гьеб борхалъи ва нилъер рагъухъаби цо галиялъцин нахъе къач1о. Гьеб рагъулъ лъукъана т1оцеве Шамсудинов.
Госпиталалда ругъун сахлъизег1ан ч1еч1ого Жамалдин т1ад вуссуна фронталде ва 1942 соналъ гьев вахъана бухьеналъул 9 полкаялда связистлъун. Зах1матаб буго рагъулъ бухьеналъул х1алт1и. Гьелда бараб буго командирасул амру жиндир заманалда т1аде щвейи. Чанги сордоялъ ва къоялъ чйхьалда хъурщизе ккана. Жамалдин бухьеналъул бомбабазги т1езарурал кварал рац1ине. Гьеб рагъухъанасул зах1матаб иш гьез рак1бац1адго т1базабуна.
Рагъул хадусел соназ Жамалдинов бах1арчилъиялда вагъана 39 армиялъул 16 механизировать гьабураб полкаялда Духовщина, Витбсек шаварал эркен гьариялъе г1оло ва Тильзит, Кенигсберг тушманасухъа рахъизелъун.
Хадусан Жамалдин тушбабигун вагъана Румыния, Польша, Венгрия  ва Чехословакиялъул шагьарал ва росаби эркен гьари мурадалда. Чехословакиялъул Бруно шагьар эркен гьабулеб рагъулъ гьев вук1ана пулеметчиклъун ва гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло Шамсудинов мустах1икълъана «Рагъулал ишазе г1оло» медалалъе. Гитлерилаб Германиялде данде рьабулеб рагъ нилъер районцояселъуг1ула Прага шагьаралда. Амма Шамсудиница хъулухъ гьабулеб гьесул г1агараб 39 армиялъул рагъухъабазе жегиги рагъ лъуг1ун бук1инч1о. Июль моц1алъ гьеб армия рехана. Япониялъул миллитаристазде  данде багъизе.
Рагъалгун цевехун унаго Шамсудиновас хъулухъ гьабулеб 16 мехкорпусалъул  рагъухъабаз эркен гьаруна Мукден, дальний ва Порт-Артур шагьарал. Гьеб к1иабилеб рагъ Жамалдиние лъуг1ана Порт-Артуралда.
Гьанже гьесул каранда буго цо чанго рагъулал шапакъатал, гьезда гьоркьор руго Германиялда ва Япониялда т1ад бергьенлъаби Росиялъе г1оло кьуралги. Лъуг1ана рагъал. Гьев т1ад вуссана жиндирго г1агараб Калининаул росолъе. Х1алт1ана «Казбек колхозчи» газеталъул жавабияв секретарьлъун, росдал Культурияб Рукъалъул директорлъун.
Гьединав вуго рагъухъан ва рак1бац1адав х1алт1ухъан Жамалдин Шамсудинов.   

А.Абакаров.
г.»Коммунист», №55. гь.2. 09.05.1974г.


  БАЦ1Ц1АДАБ  Г1УМРУЯЛЪУЛ  ИНСАН.
стр. 78.
К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, зах1маталъул ветеран – пенсионер Шамсудинов Жамалдинил г1умруялъул исана 83 абилеб сон буго. Нахъа тараб г1умруялъул рак1алде щвезеги, бицинеги жо гьесул ц1акъго г1емераб буго. Гьавуна ва г1уна маг1арулазул цебегосеб Алмахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 1930 абилеб соналъ Дилималъул т1убач1еб гьоркьохъеб школалда лъуг1изабуна анлъго класс.
Дол соназ гьединаб лъай, гьанже бугеб т1адег1анаб лъаялдаса г1емераб къиматаб бук1ана, - ян рак1алде щвезабула ветеранас. – Х1алт1ана росдал Советалъул секретарьлъун. Хадув ана Буйнакскиялде газетал къват1ире риччалеб типографиялъул х1алт1ухъанасул лъай – махщел щолел курсазде ц1ализе. Курсал лъуг1араб мехалъ х1алт1изе вач1ана Хасавюрталъул типографиялде.
Дол соназ Казбек районалъе газета Хасавюрталда х1адурулеб бук1ун буго. Гьанже Калининаул росдал гьоркьохъеб школалъул музеялда ц1унун буго дол соназ, маялъул праздникалъе сайгъат гьабизе къват1ибе биччараб «Казбек колхозчи» газета. Гьесул т1оцебесеб гьумералда буго Шамсудинов Жамалдинил латын х1арпаз хъвараб макъалаги. Рич1ч1уларел х1арпаз хъван бугониги, рек1ее бат1ияб асар гьабула гьеб цебегосеб газеталъ. Рек1ее бокьулеб х1алт1уда халат х1алт1изе щвеч1о г1олиласе. Ирга щвана Баг1араб Армиялда т1адаб рагъулаб хъулухъгьабизе. Гьедин, 1940 соналъул июлалда Жамалдиница рагъулаб хъулухъ гьабизе ккола рик1к1адаб Мурманскиялда.
Жамалдиницаги, гьалмагъзабигун цадахъ, т1адч1ун жигар бахъулеб бук1ана командирзабаз малъараб рагъулаб иш лъазабизе. Рак1алдаго гьеч1ого унтизеги унтун, лъараг1 миллаталъул гьалмагъ, хадубккун армиялда хъулухъ гьабизеги ярагьинч1ого, рокъове вит1ула. Гьев рокъове щвезавизе т1адкъала Шамсудиновасда. Т1адкъаялда цадахъго командирас Жамалдиние изну кьола дагьабго заманалъ эбел – инсухъеги щвезе ва хехго рагъулаб часталде т1ад вуссине. Гьалмагъги рокъове щвезавун, эбел – инсухъе росулъе щвана гьев.
Жамалдин рагъулаб часталде т1адвуссун мех инелдего байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Г1емер кват1ич1ого рагъул гучаб карачел щвана Шамсудиновас ва гьесул гьалмагълъиялъ хъулухъ гьабулеб бук1араб Мурманскиялъул ракьалдеги.
Жамалдин вук1ана пулеметчиклъун. Нилъер армиялъе ц1акъго к1вар ц1ик1к1араб ва санаг1атаб цо борхалъиялъе г1оло гьабулеб бук1ана рагъ. Цин нилъераз, цинги немцаз цо чанго нухалда гьабуна кверщел гьеб борхалъиялда. Ц1ик1к1араб къуват тушманасул бугониги, нилъерал нахъе къалел рук1инч1о. Гьеб т1оцебесеб рагъда Жамалдин зах1матго лъукъана. Хисана цо чанго рагъулаб госпиталь. Дагьаб ругъун лъик1лъарабго т1уванго сахлъизег1ан, вит1ана рокъове. Ругъунги сахлъун, нахъеги т1адвуссана рогъде.
39 армиялъул 16 абилеб механизированнияб полкалда хъулухъ гьабулаго, Шамсудиновас г1ахьаллъи гьабула Духовщина, Витебск, Тильзит, Кенигсберг шагьаразде г1оло гьарулал рагъазулъ. Рагъул къисматалъ гьев вачана анкьго пачалихъалъул ракьалде. Г1умруялъго к1очонареб, рек1ее лъик1аб асар  гьабураблъун хут1ун бугоан рагъухъанасе, Чехословакияги, гьелъул ракьги, лъик1ал г1адамалги.
Немцазулгун гьабулеб рагъ лъуг1идал Шамсудиновас хъулухъ гьабулеб полк рехана Япониялде. Тушманасдаса кидагоялъе эркен гьаруна Маньчжурия, Дальний Восток. Шамсудиние рагъ лъуг1ана Порт – Артуралда. Бах1арчияв рагъухъанас бихьинчияб куцалда х1ехьола рак1 гъанц1изабулеб вах1шилъиги, ракъиги, къечги, квачги, баг1ариги.
Рагъдаса т1ад вуссинч1о гьесул к1иго вац: к1удияв Камалдин Сталининградалда ва гьит1инав Жайрудин Керчалда хвана, гьелде т1адеги, хун ватана херав эменги. Гьеб кьог1аб къисматалъеги, зах1малъи – къварилъиялъеги бет1ер къулич1о рагъухъанас. Ц1ияб къватгун жувана ракълилаб зах1маталде. Х1алт1ана Калининаул росдал Советалъул председательлъун. Гьениса вачана «Казбек колхозчи» газеталъул жавабияв секретарасул хъулухъалде.
Редакциялда гьалмагъасул рахъалъги Жамалдиние бит1ккана: дол соназ газеталъул редактор вук1ана гьесго г1адин рагъул кьог1лъи ч1амурав, поэт – журналист Ибрагьим Утарбиев. Цадахъ х1алт1улаго г1амал – хасият данде карав гьев к1иявго  фронтовик жакъаги вацлъиялда вуго. Редакциялдасаги Шамсудинов партиялъул райкомалъ Калининаул росдал колхозалъул председателасул хъулухъалде  вит1ана. Хадусел соназ, колхозалде ц1ияв председатель вач1араб мехалъ, гьесул заместительлъунги х1алт1ана. Т1убазабуна колхозалъул складалъул заведующиясул х1алт1иги.
Пенсиялде инелде ахирисел соназ Жамалдин х1алт1улев вук1ана росдал клубалъул заведующийлъун.
Жамалдин х1алт1улел соназ росдал клуб лъугьун бук1ана гьит1иналги, ч1ах1иялги эркенаб заман т1обит1изе иргаялда рач1унеб бак1лъун. Х1ухьбахъизе рач1аризе гьес бугеб ресалда рекъон киналго шарт1ал ч1езарун рук1унаан. Аслияб х1алт1иялда цадахъго гьес т1убазабулаан г1емераб общественнияб х1алт1иги. Рагъда бихьизабураб бах1арчилъи – гьунаралъулги, ракълилаб зах1маталда гьабураб рак1 бац1ц1адаб х1алт1улги х1асилазда Шамсудинов мустах1икълъана г1емерал шапакъатазе.
Х1алиматгун цадахъ лъик1аб тарбия кьун г1езаруна гьес жиндирго лъималги. Бищун к1удияй Зугьайдатица лъуг1изабуна Буйнакскиялъул медучилище ва х1алт1улей йиго росдал ясли – ахалда. Мусаца лъуг1изабуна Дагъмединститут. Х1алт1ана рак1к1адаб Пермь областалда, нижерго райбольницаялда, ахириял соназ бет1ерлъи гьабулеб буго районалдаго ч1ах1иял росабазул цояб – Ленинаул росдал амбулаториялъе.
Хадусей яс Езимат, росдал гьоркьохъеб  школаги лъуг1изабун, «Бергьенлъи» колхозалда х1алт1улей йиго. Забияца т1аса бищана ралел бак1азул йохьарухъаналъул махшел. Ц1ализе лъугьана Таганрогалде. Кули районалдаса тумав Мух1амадов Ах1мадилгун къисмат бухьинабун гьебго шагьаралда г1умру гьабулеб буго. Хадусей яцалъул россал вацал ккола.
Гьанже Жамалдинилги Х1алиматилги лъималазул лъимал къогоялде рахуна. Риидалил заманалда, лъималги рачун, ясал рач1уна эбел – инсухъе щвезеги гьезие кумекалъеги. Цинги Х1алиматил азбар бук1ана лъималаз ц1ун, жийго Х1алиматги релълъуна ясли – ахалъул заведующаялда. Шамсудиновазул киналго лъималги жалго г1адал, бац1ц1адаб г1умруялъул г1адамал руго.

Мух1амадкамил Лах1итов.

Казбек район, Калининаул росу.
               
            


Рецензии