Алмак - Дагестан гордится

ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ  Ч1УХ1И.

(На аварском языке)

Радиоялдасанги газетаялдасанги, г1емер соназ партиялъул Дагъистан обкомалъул т1оцевесев секретарьлъун вук1арав лебалав маг1арулав, интернационалист, г1умруго г1адамазе хъулухъалъе кьурав, Даниялов Г1абдурах1манил х1акъалъулъ цо – цо рекъеч1ел харбал раккулел рук1иналъ т1амуна дун гьаб гьит1инабго кагъат хъвазе.
Дагъистаниязда лъазе ккола нилъ бергьун к1удияб г1акъуба – къварилъиялдаса хвасар гьарурав чи Даниялов вук1ин. Гьесул бажариялдалъун, бит1ун абуни, бах1арчилъиялдалъун гочинарич1ого хут1ана нилъер халкъал, бихьич1о гьезда нилъер мадугьалзабазда бихьараб г1азаб – г1акъуба.
Г1. Данияловасда к1вана нилъер халкъ Ват1аналъе г1оло бокьараб бак1алда къох1ехьезе х1адурал рук1ин т1ад ругел бут1рузда бич1ч1изабизе. Гьесул раг1и хвезе теч1о Дагъистаниязги.
1943 соналъул 23 – 24 марталда Дагъистаналдаса кьун г1арзабигун рагъде ана 30 азарго чи. Гьезда гьоркьор рук1ана Казбек районалдаса 153 чиги, Дилималдаса 50 чи, Из с.Алмак 38 алмакцев:
Абасов Магдихан, Абдулмуслимов Гамид, Абдулахитов Хамид, Адиев Лахит, Алтумирзаев Абдулпатах, Алиасхабов Газимагомед, Амиралиев Алисултан, Арсмирзаев Насрула, Бартиханов Муса, Бекиев Жамирза, Валиев Зайнодин, Висаитов Темирсултан, Гаджибатиров Булатхан, Газимагомедов Шапи, Гамзатов Нажбудин \20.03.43 г.\, Гандавуров Башир, Гарабатиров Гайирби, Закарьяев Зайнудин, Зайпулаев Магомедсаид, Идрисов Магомедбасир, Имамагомедов Нурмагомед, Ильясов Джаватхан, Инусов Байсурука, Исмаилов Байирхан, Исмаилов Гаджи, Кирингишиев Магомеднаби, Магомедов Абдурахман, Магомедгазиев Макай, Мусавузов Зикрула, Набиев Алисултан, Навурбиев Назир, Нурмагомедов Магомедназир, Нуцалханов Курбанав, Садаев Шарабодин, Салманов Салман, Салманов Сагит, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби \17.03.43 г.\, Утарбиев Джамалудин \17.03.43 г.\, Чичилбиев Исхак, Шагилаев Анас, Эсенбаев Патаали.
Гьел къояз щибаб росулъ ва райцентралда гьаруна дандч1ваял, унезе нухбит1иялъе гьаруна к1алъаял.
Хасавюрталдаса бахъараб Белиджаялде щвезег1ан маххул нухда ч1езарун рук1ана г1адамал раччизе х1адур гьарурал вагонал. Дагъистаналъул киналго бокьун армиялде унел ругьун гьаризе рит1ана Грузиялде. Гьенир нилъерал ккана Гори, Авчали, Хашури, Ссорами шагьаразде. Сорамиялда рагьана сержантазул школа. Манглис абураб поселокалда рагьана къокъаб заманалда офицерзаби х1адур гьабулеб училище.
Фронталде ине заман г1агарлъилелде нижехъе гьоболлъухъ г1емераб сайгъат – саламгун, концерталгун бач1ана Дагъистаналдаса к1удияб делегация. Гьелъ бет1ерлъи гьабулеб бук1ана Дагъистаналъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Тахтаровас. Гьез ниже нухбит1иялъе г1емерал хинал раг1аби абуна, цо чанго къоялъ кьуна концертал ва киназего рикьана ракьцояз рит1ун рач1арал сайгъатал.
Дагъистаналъул г1олохъабаз кибго бихьизабуна жидерго бах1арчилъи. Гьеб къукъаялда гьоркьоса Казбек районалде т1ад вуссана г1иц1го 33 чи;  10 алмакцев вернулись: Бекиев Жамирза, Газимагомедов Шапи \умер через 14 дней после возвращения\, Гарабатиров Гайирби,  Закарьяев Зайнудин, Имамагомедов Нурмагомед, Магомедов Адурахман, Мусавузов Зикрула, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби, Чичилбиев Исхак. цогидал гьалмагъзаби хут1ана рагъулал авлахъаздаго.

Гьай – гьай г1емерал Дагъистаниял рагъдаса руссинч1о. Амма гьез тушбабаздаса Ват1ан гуребги Сталинил репрессиялдаса Дагъистанги гьелъул бук1инесебги ц1унана… Гьеб киналъулго авалалда вук1ана Г1. Даниялов. Гьесие разе ккола памятникал ва гьел разе жакъаги кват1ун гьеч1о. Лъезе ккола шагьаразул аслиял къват1азда, школазда, фабриказда, заводазда ц1арал.
Киг1ан к1удиябги х1урматалъе мустах1икъав чи вук1ана Дагъистаналъул ч1ух1и ва бух1и Г1абдурах1ман Даниялов.

РАГЪУЛ  ДАРС  К1ОЧЕНАРО.

Ич1абилеб маялда Россиялъул ва СНГялъул г1адамаз, рекъел бокьулел дунялалъулго халкъаз к1одо гьабизе буго къоабилеб г1асруялъул бищунго кьог1аб ва вах1шияб рагъулъ СССРалъул Яргъилал. Къуватаз ва гьелдаго цадахъ Советияб халкъалъги бергьенлъи босаралдаса 51 сон т1убаялъул праздник.  К1удияб Ват1анияб рагъул кьвагьи къот1аралдаса башдаб г1асру аниги, жакъаги нилъгун буго гьелъул дандерижи. Рагъдаса т1адруссинч1ел бах1арчазул бесдаллъи х1ехьарал лъималги, бох, гъеж ва цогидал санал камун жалго г1урал росабалъе рач1арал харабиги, кьалул майдабазда шагьидлъарал россабазул жеги ч1ег1ер бахъич1ел лъудбиги – гьеб киналъго нилъеде г1агар гьарулел руго рик1к1адал кьог1ал, 1941 – 1945 сонал.
Рагъул г1ассилъиялъул г1иц1го ц1алун, бицунеб раг1ун, киноялъухъ балагьун гурони лъаларел нилъер ихтияр бук1унаро рагъул г1ахьалчаг1азул, г1аммаб бергьенлъиялъе г1оло рух1алда барахшинч1ого тылалда къеркьаразул адаб – хатир рехизе, гьезул т1алаб гьабизе к1очене. Араб тарихалъул, гьеб тарих г1уц1иналъе черхалъул би ракьалде т1уразул багьадурал ишал нилъеда рак1алдаса Ани, бук1инеселъ нилъер г1умруялъул къисмат х1акъир гьабич1ого теларо.
Рагъул соназда районалдаса Ват1ан ц1унизелъун Баг1араб Армиялде  ах1ун вук1ана 1740 чи. Гьездасан дора, рик1к1ада – рагъул майдабазда хут1ана 894 чи ва тушманасдаса нилъер ракьал ва Европаялъул цо – цо улкаби эркен гьарун т1адруссаразулги г1емерал рук1ана инвалидаллъун лъугьарал. Гьезулги щварал ругъназул х1асилалда г1емерисел т1убан херлъилелде г1умруялдаса рат1алъана. 1943 соналъул 23 марталда жалго бокьун фронталде арал 153 г1олилазулги рагъде ана 30 азарго чи. Гьезда гьоркьор рук1ана Казбек районалдаса 153 чиги, Дилималдаса 50 чи, Из с.Алмак ушли на фронт 38 алмакцев по «данияловскому» военному призыву добровольцами:
Абасов Магдихан, Абдулмуслимов Гамид, Абдулахитов Хамид, Адиев Лахит, Алтумирзаев Абдулпатах, Алиасхабов Газимагомед, Амиралиев Алисултан, Арсмирзаев Насрула, Бартиханов Муса, Бекиев Жамирза, Валиев Зайнодин, Висаитов Темирсултан, Гаджибатиров Булатхан, Газимагомедов Шапи, Гамзатов Нажбудин \20.03.43 г.\, Гандавуров Башир, Гарабатиров Гайирби, Закарьяев Зайнудин, Зайпулаев Магомедсаид, Идрисов Магомедбасир, Имамагомедов Нурмагомед, Ильясов Джаватхан, Инусов Байсурука, Исмаилов Байирхан, Исмаилов Гаджи, Кирингишиев Магомеднаби, Магомедов Абдурахман, Магомедгазиев Макай, Мусавузов Зикрула, Набиев Алисултан, Навурбиев Назир, Нурмагомедов Магомедназир, Нуцалханов Курбанав, Садаев Шарабодин, Салманов Салман, Салманов Сагит, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби \17.03.43 г.\, Утарбиев Джамалудин \17.03.43 г.\, Чичилбиев Исхак, Шагилаев Анас, Эсенбаев Патаали.
г1иц1го 33 ял т1адруссана;
 8 алмакцев вернулись: Бекиев Жамирза, Газимагомедов Шапи \умер через 14 дней после возвращения\, Гарабатиров Гайирби,  Закарьяев Зайнудин, Имамагомедов Нурмагомед, Магомедов Адурахман, Мусавузов Зикрула, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби, Чичилбиев Исхак.
Умумузул бах1арчиял ц1арал ц1унана, Ват1аналде бугеб рокьи свинч1ого фашистазда кьваби щвезабун рагъана нус – нус районцоял. Гьел ккола Дилималдаса Х1. Башиев, Х1. Мух1амадов, П. Юсупов, Ленинаулалдаса Гь. Г1алиев,
Калининаулалдаса Л. Мехтиханов, Ж. Шамсудинов,
Буртунаялдаса С. Темиев, Б. Мидиев, Алмахъалдаса П. Г1умаров, Гуниялдаса С. Айтемиров, Хубаралдаса Б. Г1абдусаламов, Ихаса М-гъ. Г1умаров ва г1емерал ц1арал рехсеч1елги.
Рагъул сонал зах1матал рук1ана цого – цо бихьиназе гурел, руччабазеги, г1олилал васазегун ясазеги. Гьез кутнахъ харибак1азда, т1ощалил хурзабахъ, станоказда нахъа хисана Гитлерил хъамалчаг1аздаса г1агараб Ват1ан эркен гьабизе арал вацал, умумул, г1агарал ва росал. Г1и – боц1л фермабазда, т1ошалил гьоц1абахъ ва цогидалги общественниял бак1азда ран рук1ана «Кинабго тушманасда т1ад бергьенлъи босиялъе, «Фронт ва тыл цого руго», «Х1алт1ила диего ва фронталде арав гьалмагъасе г1оло» абурал ах1иял. Гьел ах1иял г1умруялде рахъинариялъе фронталда ругезе рит1улел рук1ана хинал чурапал, квердахелал, рет1ел, кванил ниг1матал жанир ругел посылкаби.
Г1емер к1удияб ва бечедаб гьеч1еб нилъер районалъ, рагъул соназда пачалихъалъул фондалде кьуна 2650 тонна т1ощалил, 2500 тонна гьанал, 122 тонна нахул, 440 тонна квасул, 8500 тонна картошкадал ва цоги бат1и – бат1иял продуктал. Т1ощел г1езабиялъе кьураб т1адкъай ц1ик1к1унги т1убаялъе г1ло Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденаздалъун к1одо гьаруна партиялъул райкомалъул т1оцевесев секретарь Х1асан Мух1амадов, райисполкомалъул председатель Г1абдукъадир Х1ажиев, районалъул росдал маг1ишаталъул продуктал х1адуриялъул рахъалъ вакил Тажудин Шапиев.
Цебехун рехсараб буго араб рагъул тарихалъул цо гьит1инабго бут1а. Амма жакъаги нилъеда сверухъ унел руго лъиданиги сундуе г1олояли лъаларел рагъал. Г1айибго гьеч1ел г1адамал ч1ваялъе пайда босулеб буго т1адагьаб ярагъалдаса гуреб, бак1аб г1арадаялдаса, г1исинал ракетаздаса, х1атта авиациялдасацин. Гьел рагъазул гъугъаязги нилъеде ах1и балеб буго ц1одорлъи гьабеян, республика гьединал чурукал ишазде гъорлъе ккезе биччагеян. Нилъер масъала – рагъул дарс к1очонгурт1и.
Баркула К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азда, районалъул т1олалго  г1адамазда рагъулъ бергьенлъи босараб праздник . Биччанте нужер шивасул рукъоб гьеб даимго бук1ине.

ВАТ1АНАЛДЕ  КЪО ККЕДАЛ

Унеб бук1ана Дунялалъулго к1иабилеб рагъ. Гьеб бук1ана нилъер Ват1аналъе бищунго зах1матаб, политикаябгун, экономикаялъулаб щулалъи г1ураб къадаралда бук1инч1еб заман. Г1олеб бук1инч1о ярагъ, рагъулаб техника, солдатазул рагъулаб къуватги. Гьединаб зах1матаб гьоркьоблъи бук1аниги 1942 соналда чанго республикаялда ч1езабуна рагъулаб хъулухъалде ах1и фронталде рит1и. Гьеб ч1езе гьабуна Дагъистаналдаги.
Рагъал щун рук1ана нилъер республикаялъул бакът1ерхьул рахъалде. Тушманасул самолетаз бомбаби рехулел рук1ана Грозныялде, Герзелалдецин, ч1ег1ерал нак1к1ал т1аде ц1улел рук1ана нилъер шагьараздеги. Гьединаб къварилъи ккараб мехалда Дагъистаналдаса Баг1араб Армиялде г1олилал ах1унгурт1иялъул  х1акъикъияб г1илла бич1ч1ана республикаялъул х1укуматазул бут1рузда ва гьелъул заманалда кколел х1асилал гьаруна. Бокьич1о гьезие  ч1ух1араб, бах1арчияб муг1рузул халкъалда, гьелъул г1олохъабазда ч1ег1ераб т1анк1 лъезе ва  гьелъ ахиралда лъик1алде рачине рук1инч1о.
Дагъистаналъул совминалъул председатель Г1. Данияловас  гьеб суал хехго кколеб бак1алда  дандбана ва гьеб саг1ат ВКП (б) – ялъде цебе суал лъуна Дагъистаналъул халкъ Ват1аналде къо ккараб мехалда  нахъе къаларин. Дагъистаналда гьеб къо … забизе бегьуларин. Гьеб бук1ана доб мехалда бищунго бит1араб пикру ва х1укму.
Г1. Данияловас Москваялде гьарурал сапараздаса хадуб ихтияр кьуна Дагъистаналдаса жалго бокьун унезул къадар 30 азарго чиясде бахунеб бугони,  Дагъистаниязул отрядал г1уц1ц1ине. Амма цадахъго 30 азарго чи армиялде вит1и бук1ана ц1акъго зах1матаб суал. Шаян абуни 1939 соналдасан рагъулаб хъулухъалде ах1ун нилъер республикаялдаса г1олилал лъуг1ун рук1индал. Гъоркь хут1ун рук1ана бат1и-бат1иял г1иллабазе г1оло тарал жеги балухълъиялде рахинч1ел г1олилалги. Гьедин бугониги Дагъистаналъул халкъалда ч1ег1ераб т1анк1 лъезе толарин гьеб суал унго-унгояб х1алалда кодобе босана Совминасул председателас.
Г1. Даниялов иргадулаб нухалда Москваялдаса т1адвуссун хадуб гьес гьеб х1алт1и кодобе босана ва республикаялъул х1укуматалъ Дагъистаналъул халкъазде, гьел Ват1ан ц1унизе жалго бокьун инее ах1араб чанго хит1аб гьабуна. Гьезул цоялда абулеб бук1ана «Кодобе ярагъ босизе к1олев щивав чи Ват1ан ва Дагъистан ц1унизе рахъине кколин». Гьебго заманалда г1емераб бич1ч1и кьеялъулаб х1алт1и гьабуна районазул нухмалъи гьабулезда гьоркьобги.
Ургъун гьабураб х1алт1иялъ лъик1аб х1асилги кьуна. 1943 соналъул авалалда байбихьана жалго бокьун фронталде ине бокьаразул сиях1ал г1уц1ине. Гьел ах1изе жаваблъун рахъана Дагъистаналъул киналго миллатазул халкъал. Армиялде ах1еян, фронталде рит1еян арзаби хъвана г1иссинаб г1елалъ, бат1и-бат1иял г1иллабазе г1оло инч1ого хут1араз, х1атта руччабазцин.
Республикаялъул х1укуматалъул ах1и Казбек районалъул г1адамаз разилъиялда къабул гьабуна ва фронталде ине арзаби кьуразул къадар 600 чиясде г1агарана. Гьезда гьоркьор г1емер рук1ана армиялде ах1улеб заман т1асан аралги, сакъаталги, к1удияб руччабазулги. Дида жакъаги рак1алда руго эмен, вац, вас – вокьулев хваралъур хвелин, жалги рагъде рит1еян арзаби кьун хъвай-хъваг1ай гьабурал руччабазул ц1арал. Гьел ккола: Х1амзатханова Бабако, Х1асанова Таибат, жиндир мунагьал чурун ятай, гьанже нилъгун гьеч1ей Гъамиева Заби ва г1емерал цогидалги. Хадуб руччаби рит1изе наряд бач1инич1ого хут1ана гьел, амма гьез т1алаб гьабулеб бук1ана  жал фронталде рит1еян.
1943 соналъул марталда районалдаса жалго бокьун Ват1ан ц1унизе унел нухда рег1ана. Гьедин марталъул 23 – 24 къояз лъебералда щуазаргоялде г1агарун Дагъистанияс рик1к1адаб сапар бухьана. Гьезул эшелоназ Дербенталдаса Хасавюрталде щвезег1ан маххул нух ккун бук1анин абуларин. Гьеб къоялъ къват1ире лъугьана районалдаса т1оцебесеб партия 153 чи. рагъде ана 30 азарго чи. Гьезда гьоркьор рук1ана Казбек районалдаса 153 чиги, Дилималдаса 50 чи, Из с.Алмак ушли на фронт 38 алмакцев по «данияловскому» военному призыву добровольцами:
Абасов Магдихан, Абдулмуслимов Гамид, Абдулахитов Хамид, Адиев Лахит, Алтумирзаев Абдулпатах, Алиасхабов Газимагомед, Амиралиев Алисултан, Арсмирзаев Насрула, Бартиханов Муса, Бекиев Жамирза, Валиев Зайнодин, Висаитов Темирсултан, Гаджибатиров Булатхан, Газимагомедов Шапи, Гамзатов Нажбудин \20.03.43 г.\, Гандавуров Башир, Гарабатиров Гайирби, Закарьяев Зайнудин, Зайпулаев Магомедсаид, Идрисов Магомедбасир, Имамагомедов Нурмагомед, Ильясов Джаватхан, Инусов Байсурука, Исмаилов Байирхан, Исмаилов Гаджи, Кирингишиев Магомеднаби, Магомедов Абдурахман, Магомедгазиев Макай, Мусавузов Зикрула, Набиев Алисултан, Навурбиев Назир, Нурмагомедов Магомедназир, Нуцалханов Курбанав, Садаев Шарабодин, Салманов Салман, Салманов Сагит, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби \17.03.43 г.\, Утарбиев Джамалудин \17.03.43 г.\, Чичилбиев Исхак, Шагилаев Анас, Эсенбаев Патаали.
Гьезда цадахъ вук1ана гьаб макъанаялъул авторги Ансарияв Шарапудинов К1удияб Ват1анияб рагъул к1иабилеб группаялъул инвалид, запасалда вугев К1удияв лейтенант.
Районалдаса фронталде унезе гьабуна лъик1аб нух бит1и. Щибаб росулъ г1уц1ана унелазулгун дандч1ваял, х1адурарана нухалде сайгъатал, гьабуна сух1мат – кеп, г1емерал раг1аби абуна нух бит1иялъе. Къокъго абуни рух1ияб ва намусалъул рахъалъ гьел ах1ана Эбелаб Ват1аналъе,  халкъалъе г1оло рух1алда барахшинч1ого къеркьеялде. Республикаялъул х1укуматалъ, ах1и бач1****и гьеб ах1иялъе жаваблъун киналго абухъе цере рахъинч1елани Дагъистаналъул халкъалъулги  мадугьалихъ рук1арал Чачаназул, Нугъаязул ва цогидалги халкъазул г1адаб къисмат ккезе нилъер Дагъистаналъул г1исинал миллатазул халкъал чайдулъ чакар г1адин т1аг1ун инее бегьулаан.
Т1оцере гьел щвезаруна Грузиялде, гьенир Дагъистанияз ц1ун рук1ана Хашури, Сурами, Авчали, Гори ва цогидалги шагьарал. Гьениб гьезда лъазабуна х1ажалъулел командирзабиги нужеда гьоркьосан х1адур гьаризе кколин къокъаб заманаялда. Сурами шагьаралда рагъана полковияб школа. Гьениб Манглес абулеб бак1алда бугоан рагъ байбихьараб заманалдаго гьенибе гочинабураб Мах1ачхъалаялъул ц1аралда бугеб лъелазул училище.  Гьенир ц1алана районалъул чанго чи 10 моц1алъ гьенив ц1алун ругьунлъун, гьит1инав лейтенантасул чиналда фронталде ана Ансарияв Шарапудинги.
Гьеб шагьаралда ц1алулеб мехалда гьезухъе гьоболлъухъ бач1ана Дагъистаналъул пачалихъалъулаб делегация. Гьелъие бет1ерлъи гьабулеб буго Дагъистаналъул Верховный Советалъул председатель Тахтаровас. Делегация щвана Дагъистаниял рук1араб щибаб шагьаралде, гьаруна гара-ч1вариял кьуна концертал, фронталде унезде абуна нухбит1иялъул раг1аби, Делегацияги ч1обого бач1араб гьеч1оан. Гьелъ цадахъ бач1ун бугоан чанго вагон посылкабазул, бат1и-бат1иял сайгъатазул. Посылкабазда жанирги рук1ана хинаб гъуркьан рет1ел, квербалал, чурапал, тамахьо балел кисаял, тамахьо ва г1емерал цогидал кванагьекъолел жалги.
Кват1ич1ого ана фронталде. Жалго бокьун рач1арал рук1иналъ гьезие божилъи гьабулаан зах1матал бак1азде ине ва гьел дагъистаниял кидаго рит1ухъаллъунги рук1унаан. Рагъал рук1ана кьоабилеб г1асруялда лъугьинч1елг1ан г1ассиял. Гьениб нижеда к1вана сих1ирав тушман къинавизе. Амма ч1ах1иял камиял ккезаруна нилъееги. Абасов Магдихан, Абдулмуслимов Гамид, Абдулахитов Хамид, Адиев Лахит, Алтумирзаев Абдулпатах, Алиасхабов Газимагомед, Амиралиев Алисултан, Арсмирзаев Насрула, Бартиханов Муса, Бекиев Жамирза, Валиев Зайнодин, Висаитов Темирсултан, Гаджибатиров Булатхан, Газимагомедов Шапи, Гамзатов Нажбудин \20.03.43 г.\, Гандавуров Башир, Гарабатиров Гайирби, Закарьяев Зайнудин, Зайпулаев Магомедсаид, Идрисов Магомедбасир, Имамагомедов Нурмагомед, Ильясов Джаватхан, Инусов Байсурука, Исмаилов Байирхан, Исмаилов Гаджи, Кирингишиев Магомеднаби, Магомедов Абдурахман, Магомедгазиев Макай, Мусавузов Зикрула, Набиев Алисултан, Навурбиев Назир, Нурмагомедов Магомедназир, Нуцалханов Курбанав, Садаев Шарабодин, Салманов Салман, Салманов Сагит, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби \17.03.43 г.\, Утарбиев Джамалудин \17.03.43 г.\, Чичилбиев Исхак, Шагилаев Анас, Эсенбаев Патаали.
г1иц1го 33 ял т1адруссана;
Жалго бокьун Фронталде аразул 33 чи гурони т1адруссинч1о Казбекалъул ракьалде. Гьезулги хут1ун руго 17 ял. Гьезул ругеб бак1 баян гьабуни: Патах1ов Мух1амад ва Ансарияв Ш. (Дилим), 8 алмакцев вернулись: Бекиев Жамирза, Газимагомедов Шапи \умер через 14 дней после возвращения\, Гарабатиров Гайирби,  Имамагомедов Нурмагомед, Магомедов Адурахман, Тимирукаев Муса, Умаргаджиев Нартби, Чичилбиев Исхак. Мусавузов Зикрула, Тимирукъаев Муса, Закарьяев Зайнудин (Ленинаул), Чичилбиев Исх1акъ (Калининаул), Нугъаев Ибрагьим , Абут1алибов Мух1амад (Гуни), Г1алиев Зирар, Х1асанов Х1ажи (Буртунай),  Дадаев Мух1амад (Хубар), Г1абдуразакъов Садикъ (Инчха), Айдемиров Х1асанбасир, Абакаров Султансалин ва Хаджаев Х1ажи (Миякьо), Мух1амадов Уба, Шуайпов Мух1амад (Ц1обокь). Цогидал рособалъа г1олохъаби т1ад руссинч1о.
Узухъда рагъалъ нилъер рукъзабахъе бач1инабураб балагь ц1ик1к1араб буго. Амма республикаялъул нухмалъулезул  рик1к1ада лъугьине рес бугебжо лъаялъе эсги г1акълуги г1еч1****и нилъги доб политическияб репрессиялде ва халкъалъе ц1акъго ц1ик1к1арал камиял кколаан. Дагъистаниязда киданиги к1очене бегьуларо Даниялов г1адал гъакъло бугел бут1рул.
Дир кидагосеб бухьен бук1уна доб рик1адаб, амма к1очонареб 1943 соналъул 23 марталда жалго бокьун фронталде арал ва т1адруссун хадур жакъаялде ч1аго ругезулгун. Аллагьас хъван батани, районалъул администрациялъулгун дандги бан, К1удияб Бергьенлъиялъ 50 сон т1убаялъул байрам т1аде щвезег1анго гьезулгун дандч1вай гьабизе буго. Гьединаб дандч1вай  г1уц1ине гьуинаб хабар-калалъе гьел мустах1икъал ругелъул.
Сардал-къоял цоцаца хисун г1агарлъулеб буго К1удияб Ват1анияб рагъда Советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 50 сон свериялъул гьайбатаб юбилей. Дунялалъул к1иабилеб рагъ лъуг1аралдаса бащдаб г1асру сверана, чанго кьерал хисана халкъазулги. Амма цого-цо нилъеда гурелги, дунялалъулго халкъазда к1очонеб гьеч1о доб кьог1аб кьалул дарс.


Рецензии