Алмак - фронтовики и землепашцы Занкиевы
(на аварском языке)
стр. 52.
Г1агараб, жив вижараб ва г1ураб росдае, хирияб ват1аналъе х1инкъи ккараб мехалда бихьинчияс ярагъ борчуна, векьарухъан рагъухъанлъун вахъуна. Советияб власталъул тушбабазде данде къеркьезе кодобе туманк1 босана Алмахъалдаса г1адатияв векьарухъан Занки Байбулатовас. Классиял тушбабазул квердасан гьев хвана 1934 соналъул 25 июлалда. Бесдаллъана 6 вас ва цо яс.
Жал г1езарураб, инсулаб т1алаб гьабураб Ват1аналде т1аде фашистазулаб Германия к1анц1араб мехалда рагъухъабилъун рахъана Занкил васал Мух1амад ва Маккашарип.
Маккашарипие рагъ байбихьана гьелъул т1оцебесеб къоялъго, Белоруссиялъул Лида шагьаралда. Хвел къабул гьабуна тушманасда мугъ бихьизабич1ого. Гьесул бук1ана 19 сон.
1941 соналъул марталда жиндиего бокьун рагъде анна Занкил 18 т1убарав хадусев вас Мух1амад. Гьев вахъана лъик1ав рагъухъанлъун – пулеметчиклъун. Рагъулаб нух байбихьана Сталининградалдасан. Ругънал лъуна бот1рода, бохалда, квералда. Госпиталалда вегана нахъеги фронталде т1ад вуссана. Рагъалгун щвана Днепралде, г1ахьаллъана Днепропетровск эркен гьабиялъулъ.
Вацаз нахъе ц1унун руго Мух1мадица фронталдаса рач1арал заманалъул мугьру ч1варал кагътал. Гьел лъугьун руго Ват1аналъе г1олорух1кьурал солдатазе к1очен гьеч1еб рак1алдещвейлъун.
Йохъ, солдатасул кагътазда гьеч1о «Ват1аналъе г1оло, рух1алда барахщиларо, сангарлъуг ч1ела» абурал ва гьезда релъарал ч1ах1иял раг1аби. Рагъулел рук1ана х1алт1удаго г1адин г1адатго ва Ват1аналъе г1оло рух1 кьолеб бук1ана ч1ах1иял раг1аби абич1ого, г1датго, бат1айиса бук1ине рес гьеч1еб г1адин.
Мух1амадил кагътал ц1алулеб мехалда бихьула гьес щибаб рагъудалъун рукъор хут1аразул рак1 батизе х1аракат бахъулеб бук1араблъи. Гьесги рух1 кьуна Ват1ан тушманасдаса эркен гьабулаго. Гьесулги бук1ана 19 сон.
Районалда гуребги, Республикаялдаги машгьураб буго росдал «Гьудуллъи» колхозалдаса механизаторал вацал – Занкиевазул хъизан. Баг1арав партизан Занки Байбулатовусул васаз, гьезулги васаз умумузул гьайбатаб мисалалде г1уц1улеб буго гьайбатаб бук1инисеб. Занкил ц1ар лъурав гьесул гьит1инав вас г1емерал соназ маг1ишаталъул бет1ерав инженерлъун х1алт1улев вуго. Занкиевазул хъизабазда руго механизаторал Мух1амад, Маккашарип.
Рагъда т1аг1ана вацал Занкиевазул вацг1ал Хъазахъмирза Хъазахъмирзаев. «Гьудуллъи» колхозалда х1алт1улев вуго гьесул ц1ар лъурав вас, г1олохъанав механизатор Хъазахъмирза Занкиев. Чанго соналъ цебе «Советияб Дагъистан» журналалда бахъараб журналистика Л. Смироновалъул очеркалда руго гьадинал мухъал:
Сельсоветалъул газик гьоко нахъа бараб тракторалда хадуб гъана. Гьелъул кабинаялда ращалъараб мехалда советалъул председатель Г1абдулхан Мусичевас «Ч1а» - Ян ах1ана. Тракторалъул рулалда нахъа г1одов ч1ун вук1ана … щуабилеб классалъул ц1алдохъан, анц1ила к1иго сон барав Хъазахъмирза Занкиев. Гьев кола колхозалъул цевехъанав механизатор Г1али Занкиевасул вас. Васасул эмен гьат1ан къоялъ гъутаналде ун вуго боц1и гьекъезе бак1 гьабизе. Хъазахъмирзаца абуни жиндирго инсул вац Г1ибадула Занкиевасул нухмалъиялда гъоркь эмен хисун вугоан.
Г1ибадула ккола ДАССРалъул мустах1икъав механизатор, гьесие щвана «Х1урматалъул г1аламат» орден, цойги г1емерал шапакъатал, гьев ккола ВДНХялъул г1ахьалчи. Г1абдулхан цо божиго гьеч1ого валагьана гьит1инав трактористасухъ. Гьевин абуни нижер саламалъе жавабги кьун, г1одове виччан тракторги бачун г1ачиязде хер балелъуве ана.
Гьал Занкиевазул лъимал цин механизатораллъун рук1ине ругилан ккола, - Ян абуна Советалъул председателас. Умумузул ирсалъе рит1ухълъи ц1унулеб буго г1олеб г1елалъги. Хъазахъмирзаца интернационалияб налъи т1убазабуна Афганистаналда ругел советиял аскаразул дагьабго къукъаялда гъорлъ.
Гьединал, гьайбатал, т1олго росоцоял ч1ух1изе бегьулел ишал руго Ват1аналде т1аде къо ккараб, кьварарал рагъул соназ тушмангун бах1арчияб къаг1идаялда рагъарал Занкиевасул ишал.
Г1. Г1умарасх1абов. Журналист. Г.»Коммунист» от 02.05.85 г.
ЗАНКИЕВАЗУЛ
Г1УМРУЯЛЪУЛ НУХ.
Алмахъалдаса Баг1арал партизанал Байбулатов Занки ва Гъубаханов Тавсултанги 26.07.1934 соналъ тушманасул рек!к!аб гуллидалъун къадаралде щвана.
Алмахъ росулъ Имам Шамилиццаги абун бук1ана гъазиял рахъун хварал бусурбаби рукъизе 1845 соналъ рагьараб хабал \гьеб бицана ниже Мусаев Насрулаца, 1912 соналъ гьавурав, рагъул участник, гьенжеги Алмахъ росулъ вугев\.
Гьеб хабалалъ вукъана Байбулатов Занкиги ва Гъубаханов Тавсултан.
2005 соналъ Занкиевазул тухумалъул г1олохъабаца Алмахъ росулъеги ун гьеб хобалда лъуна ц1ияб зани, ва ц1акъ берцин гьабун къач1ана гьеб хоб.
Байбулатов Занкил анкьго лъималазул ургъелги т1алаб-агьазги, киналъулго жавабчилъиги т!аде ккана гьесул лъади, мунагьал чураяй Сайгибатиде. Гьей йик1ана Т1адег1анав Аллагьасул х1укмуялде г1ажаибго берцинаб сабру бугей, таваккалай, бахъараб хвалчен г1адай, г1адан. Лъидего г!арз бахъич1ого, гьеч!еб, бак!алда-сан кумек 6алагьич1ого, гьелъ ахиралде швезег1ан жиндирго т1олабго г!умру сайгъат гьа-буна лъимал г!умруялде рахъи-нариялъе. Бохдузда рахъун ч!аралдаса нахъеян абухъего, лъималги бажарулеб кумек гьабизе эбелалъул хьолбохъ ч1олел рук!ана. Эбелалъ ки-набго рахъалъх!аракат бахъу-леб бук!ана лъималазе лъи-к!аб тарбия кьезе, гьел зах1-маталде ру| ьун гьаризе, г!ет1 т!ун щвараб чинк!ил къимат гьабизе. Лъималги г!олел рук1анаэбелалъухъ г!енеккун, гьелъ малт»араб гьабун, берцинаб г!амал-хасият бугеллъун. Кинабго льик! унеб бугилан ккараб мсчалъ, байбихьана К1удияб Ват1анияб рагь. На-хъег!анав тушманасдаса эбе-лаб ВатЬш ц!унун рагьизе ана Сайгибатил к!иго вас-Маккашарип ва Мух1амад Занкиевал. Гьел кидагоялъе кьалул байданалда хут!ана. Гьелдаги эбелалъ сабураб таваккал гьабуна. Рагьул ва хадусел соназ колхозалда х!алт!ун щибго щолеб бук!инч1олъиялъ, Сайгибат росдал школалде техничкалъул х1алт1изе лъугьана. Гьенисан щолеб дагьабго бугониги, щагьи-копекалъги зах1матаб г1умруялда рукъи базе кумек гьабулаан
Ниж г!умруялде рахъизелъун, эбелалда бихьизе камун г!акъуба-къварилъи хут!и-ч!илан бицана Пибадулаца, хабар-к!алалда рук!аго. Дагь-дагьккун сахлъана рагъалъги ракъдаллъи-ракъиялъги лъу-рал зах1матал ругьнал. К1удиял г!уна васалги цо йигей ясги. Падат х!исабалда, хъизанапда лъай-махщелалде, г!умруя-лъул хиса-басиялде к!удиязда-сан байбихьулелъул, Занкиева-зегьеб бат!айиса ккана. Инсул ц!ар лъурав, бищунго гьит!и-нав Занкица 1957 соналъ Ха-савюрталъул школа механизация (гьедин абулаан цебе), гьанжесеб ОПТУ лъуг!изабуна. Къаде колхозалъул хурзабахъ тракторалдаги х1алт!ун, къаси ц!ализеги хьвадун, лъуг!и-забуна гьоркьохъеб школа.
Киг1анго рокъосан хъизаналъул т!алаб гьабизе зах!мат бук!аниги, х!алт1иги тун, ц!алун лъуг!изабуна Буйнахъскиялъул механикияб техникум. Занки 30 соналъ х!алт!ана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» колхозалда бе-т!ерав инженерлъун, т!ура-заруна цогидалги жавабиял х!ал11а6и. Зинкил к!удиии шщ Пибадулаца!и, 1958 соналъ Буйнахъскиялъул СПТУги г1агапаб лъуг1изабун, г1агараб колхозалда трактористлъун х1алт1изе байбихьана.
Араб г!асруялъул 60-80 соназул гьоркьоблъиялда нилъер республикаялда г!а-т!идго т!ибит!ун бук!ана, мехзвенабиги г!уц!ун, ц!оросаролъил т!адег!анаб бач!ин г1езабиялъул соцкъец.
Гьеб къецалъе ишалъулаб жавабги гьабун, нилъер рай-оналда мехзвеноги г!уц!ун, т1оцебесебнухалъц!ияб х!ал-т!иялде таваккалаб гали т!амурав чи ккола «Гьудул-лъи» колхозалъул механизатор Занкиев Пибадулал. Щибаб сонапъ лъалъалареб ракьалда ц!оросаролъил бач!ин г!еза-булаго, зах 1 маталъул т1адег1анал х1асилал щолел рук!ана гьесул мехзвеноялъе. Гъол соназ Пибадулал х!алт!ул лъик!ал х!асилазулги х!ал-бихьиялъулги х!акъалъулъ г!емераб хъвана, бицана ва бихьизабуна. 1967 соналъкъва-т!ибе биччараб, мунагьал чураяв ПабдурахЫан Дания-ловасул «Муг1рузул улкаялъул х!акъалъулъ пикраби* абураб ("Мысли о стране гор") т!е-хьалдаги бицен гьабулеб буго П. Занкиевасул мехзвеноялъул х!акъалъулъ.
Лъалъалареб ракьалъул щибаб гектаралдаса ц!оросаролъил 46,5 центнер бак!аранилан хъвалеб буго гьеб т!ехьалда. 1977 соналъ к!иго чиясдасан г!уц!араб гьеб мехзвеноялъ 115 гаялда г!езабун буго ц!оросаролъ ва щибалдаса бак1арун буго 36 центнер. Лъалъалареб ракь бук!ин х!исабалде босани, бач!иналъул х!асилал ц!акъго т1адег!анал руго.
Г1ибадулал г!емераб г!ет! т!ун, зах!мат баччун гьабураб х!алт!и к!одо гьабун буго къиматал сайигъатаздалъун, г!арцулал шапакъатаздалъун ва г!емерал орден-медалаздалъун. Гьев ккола ДАССРалъул мустах1икъав механизатор, гьесие щвана «Х1урматалъул г1аламат» орден, цойги г1емерал шапакъатал, гьев ккола ВДНХялъул г1ахьалчи.
Расул Идрисовасул «Салатавия -дир ч1ух1и» абураб т1ахьида \Мах1ачхъала, 2005 с., гь.247\ хъвалеб буго к1удияб х1урматгун рехсола Гъубахан Тавсултановас жиндир бах1арчияб зах1маталъ: -
Щибаб соналъ, гьоркьохъеб х!исабалда, цоги мухь малъи-ч!ого, ц!оросаролъил гьесие щолеб 6ук1араб къадар 6-7 тоннаялде бахунаан. Пенсиялде араб мехалъин абуни, колхозалъул правлениялъ гьесие ч!обого живго х!алт1улев вук!араб «Белорусь» трактор кьун буго. Г1ибадуладаса к!удияв вац Г1али механизаторазул кьерде вач!ана лъималазул эменлъунги ва-хъараб, г!умруялъул ц!ик1-к1араб ригьалде вахараб мехалъ.
Гьедин бугониги, гьес бач1инахъего бихьизабуна техникаялде жиндирго бугеб рокьиги, бажариги. Падала гуро маг!ишаталъе т!оцебе трактор-бульдозер бач!араб мехалъ гьелда х1алт1изе Г1алиде божилъи гьабураб.
Къогоялдасаги ц1ик1к!араб соналъ гьевги х!алт!ана техникаялда. Г1али вуго г!одосаго как-диналда т!ад борхана х!ежги.
Г1алих1ажидаса к!удияв, церег!ан соназ къада-ралде щварав, мунагьал чураяв Байбулат х!алт!ана росдал Советалъул секретарьлъун, школалъул завхозлъун, колхозалъул х!исабчилъун, т!уразаруна цогидалги хъулухъалъулал х1алт!аби. Бишунго гьит!инай, вацазда гьоркьой цох!о йигей Гулбикаги гьит!и-наб мехалдасаго эбелалъулги вацазулги хьолбохъ ч!ана ва х1алт1ана г!агараб колхозалда. Т1адехун бицен гьабурал Зан-киевал гьанже мустах!икъаб х!алхьиялда руго.
Дица гьаниб къокъгохъван таниги, гьез гьабураб х!алт!ул роцен ц1акъго к!удияб буго. Байбулатов Занкилги Сайги-батилги наслуялъул г!уна 162 чи. Гьезул 22 чи ккола механиза-торал-шоферал. Гьел руго росулъ ц1акъ лъик1 г1адамазе жал рокьулел, бихьинчиял, росу цоял разиял, ккаралъуре рахъунел бах1арчиял г1адамал.
Цо-цоял бат!ияб х!алт!и-ишалда ругониги, гьезда ки-наздаго лъала техника х!ал-т!изабизе. Пенсиялда ругезул наслу жакъаги колхозалда х1алт1улеб буго. Цебеги «Гьудуллъи» колхоз бук!ана Да-гьистаналдаго машгьурал ва лъик!аб ц!ар бугел маг!и-шатазул цояб.
Жакъаги гьеб саламатаб ч!аголъиялда буго. Гьеб гье-динаб ч1аголъиялда хут!и-ялъулъ бергьун к!удияб ва мустах!икъаб бут!а буго механизаторал Занкиевазул.
Гьединаб буго муг!рузул уякаялда Советияб власть бер-гьиналъул къеркьохъан, Баг!арав партизан Байбулатов Занкилги, Сайгибатилги хъизаналъул г!умруги къисматги.
М-камил ЛАХ1ИТОВ, Калинннаул
Свидетельство о публикации №209080200027