Фронтовик Абдулбасир Исхаков
(на аварском языке)
стр. 118.
Хубаралдаса Исх1акъов Г1абдубасир гьавуна 1918 соналъ. Г1умруялъул 23 соналде вахарав Г1абдубасир Баг1араб Армиялъул кьеразулъе ах1ана Фашистазулаб Германия нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1иялъул х1инкъи бугел къояз, 1941 сонил 25 маялда.
Гьеб заманалда щула гьарулел рук1ана пачалихъалъул бакът1ерхьул г1орхъаби. Исх1акъовас хъулухъ гьабулеб рагъулаб часть рехана бакът1ерхьул Украиналъул Ровеналъул областалде. Гьениб ц1ияб бак1алда рагъде х1адурлъулеб заманалда, рак1алдаго гьеч1ого Советазул Союзалде т1аде к1анц1ана Фашистазул Германия, байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ.Тушманасул къуват нилъералдаса г1емерго ц1ик1к1араб бук1иналъ Баг1араб Армия, фашистазе ч1ах1иял камиялги ккезарулаго, х1ажатаблъун ккана бакъбаккудехун нахъе къазе.
1942 сонил риидал Украиналъул Краматорск шагьаралдаса Исх1акъовас хъулухъ гьабулеб рагъулаб часть бит1ана Грузиялъул Хашура шагьаралде хадубккун рагъуе куцазе. Гьенив 23 кьвагьдохъабазул полкалъул кьеразулъ Г1абдубасир вит1ана гьит1инал командирзаби х1адурулел курсазде ц1ализе. Амма ц1али гьоркьоб къот1изабун, кват1ич1ого киналго курсантал рехана Сталинградалъул фронталде. Гьениб к1иго моц1алдаса ц1ик1к1араб заманалъ Исх1акъовас Г1ахьаллъи гьабуна г1асиял рагъазулъ.
Баг1араб Армиялъ Сталинград тушманасухъе кьеч1о, гьениб хвалилаб кьаби щвезабуна Европаялдасан маршалда хьвадарараб къингьеч1еблъун рик1к1унеб бук1араб немцазул 6 абилеб армиялъе. Исх1акъовасда рихьана асир гьарун нилъер рагъухъабаз цере къот1ун унел гьеб армиялъул командующий фельдмаршал Паулюс ва штабалъул начальник генерал – лейтенант Шмидт.
Гьебго заманалда х1алуцарал рагъал унел рук1ана Севералъулаб Кавказалда. Рагъулабгун – Грузиялъул нухдасан Исх1акъовасул часть рехана Кубаналде. Немцаз к1удияб рагъулаб къуват бак1арун бук1ана Краснодаралде сверухълъиялде ва г1асияб данде ч1ей гьабуна. Армавир шагьар тушманасухъа бахун хадуб байбихьана Краснодар эркен гьабиялъе г1оло гьужумалде.
Самолетазул гьаракьги г1арадазул кьвагьиги релъеда – къад гьоркьоса къот1улеб бук1инч1о. Нилъер рагъухъабаз тушманасул дандеч1ей бекизе гьабуна. Гьеб рагъулъ Краснодаралъул аслияблъун кколеб «Красная» къват1алда Г1абдубасир зах1матго лъукъана. Лъукъараб бох сах гьабизе 6 моц1алъ вегизе ккана госпиталалда. 1943 сонил 31 июлалда комиссиялъ инвалидлъун гьавурав гьев т1адвуссана росолъе каранда «Багьадурлъиялъе г1оло» ва «Рагъулал гьунаразе г1оло» медалалгун.
Гьедин къокълъана бах1арчияв рагъухъан Г1абдубасир Исх1акъовасул рагъулаб нух.
Гьоркьоб заманго инч1ого Г1. Исх1акъов росолъ вищана сельсоветалъул секретарьлъун, амма гьеб х1алт1уда халат хут1ич1о. Гьесул анищ бук1ана муг1алимлъун вахъине. Гьев заочно ц1ализе лъугьана Хасавюрталъул педучилищеялде. РайОНОялъ гьев вачана Хубаралъул 7 сонил школалде х1алт1изе.
Исх1акъовасухъа бажарана лъималазе щулияб лъай кьезе, гьесул класс кидаго мисалияблъун бук1ана республикаялдаго цебет1ураблъун рик1к1унеб Хубар росдал школалда. Гьев мустах1икълъана Грамотабазе ва школалъул дирекциялъул рахъалдаса баркалаялъе. Амма рагъулъ лъукъараб бохалъ квал – квал гьабулеб бук1ана вахъун ч1ун дарсал кьезе. Г1. Исх1акъовас х1укму гьабун х1алт1и хисизе, гьев ц1ализе лъугьана Буйнахъскиялъул ветеринарияб техникумалде. Техникумалда фельдшерасул махщел щварав Г1абдубасир г1емерал соназ пенсиялде инег1ан х1алт1ана ветеринарияб пункталда. Г1абдубасирил бук1инч1ин абизе бегьула чодаса решт1араб заман.
Гьесул х1алт1иялдаса разиял рук1ана Гуни, Гертма росабазул г1адамалги. Гьесухъа бажарана г1и – боц1и хвей, унтаби дагь гьаризе ва гьелъ кьолеб продукция ц1ик1к1иналъе квербакъи гьабизе.
Х1ухьбахъиялде ун хадубги Г1. Исх1акъов т1ат1ала квераллъун ч1еч1о. Гьес г1емерал соназ бет1ерлъи гьабуна школалъул умумузул комитеталъе. Школа 10 соналъ цогиги лъимер гъоркь теч1ого х1алт1иялъулъ мустах1икъаб бут1а лъуна Исх1акъовас.
Инсул нухдасан ана Г1абдубасирил лъималги. К1удияв вас Баймирзаца лъуг1изабуна университеталъул историялъул факультет. Хадусев вас Садрудин вахъана врачлъун. Гьоркьохъев вас Мух1амадрасулица лъуг1изабуна пединституталъул географиялъул факультет. Ункъабилев вас Абакарица лъуг1изабуна университеталъул физикаялъулгун математикаялъул факультет. Яс Бикаца лъуг1изабуна росдал маг1ишаталъул техникум.
Гьанже Г1абдубасир Исх1акъовас хал гьабулеб буго жинцаго 82 соналъ нахъа тараб г1умрудул нухалъул. Гьев ч1ух1ула гьелда жаниб ч1ег1ераб т1анк1 гьеч1олъиялдаса, кидаго Ват1аналъе ва халкъалъе рит1ухъавлъун вук1иналдаса.
Расул Идрисов. 19 июнь 2000 с.
Свидетельство о публикации №209080200063