Алмак - не вернувщиеся с фронта Казбековцы
(на аварском языке)
Дилималдаса – 137, Алмахъалдаса – 211, Буртунаялдаса – 143, Гуниялдаса – 71, Гертмаялдаса – 34, Хубаралдаса – 81, Инчхаялдаса – 46, Гъозталаялдаса – 18, Иххаса – 16, Ц1обокьа – 74, Миякьоса – 53, Т1олго: 894 чи. \г.»Чапар» от 08.09.95 г. №19-20 с.3.
В годы ВОВ в Дагестане созданы: Авиазвено «Пионер Дагестана», Дагестанский конный эскадрон, 44 и 58 армии, 91 стр. див., Махачкалинская стр. див., 714 зенитно-артиллерийский полк, в числе этого покла было 980 девушек из Дагестана. Г.»Чапар» от 13.05.2002 г. №19 с.3.
ГЬАЛ КИДАГО К1ОЧЕНЕ ГЬЕЧ1О.
стр. 117.
г.»Чапар», от 08.09.2000 г. №19 с.1.
Гитлерал фашизмалде данде гьабулеб рагъ т1олабго Советияб халкъалъе лъугьана ват1анияблъун. Нилъер районалда нагагьабги батиларо рагъде, ялъуни тылалда т1орит1улел х1алт1абалъе жигараб г1ахьаллъи гьабич1еб хъизан. Гьезул киназулго ц1арал рехсезе ккани газеталъул ункъабго гьумерги г1еларо. Гьединлъидал нижеца гъоркьехун рахъулел руго К1удияб Ват1анияб рагъда 3 – 4 хварал, яги г1ахьаллъи гьабурал хъизабазул ц1арал.
К1удияб Ват1анияб рагъдаса т1адруссинч1о.
Дилималдаса Г1умаровазул 4 вац: Жигарав, Х1амзат, Х1ажияв, Насир.
Ц1обокьа Беркихановазул 4 вац: Г1абдурах1ман, Г1абдулах1ит, Камил.
Хубаралдаса Арсланбековазул 3 вац: асадула, Султанг1али, Аса (ункъабилев вац Чупалав т1адвуссана инвалидлъун) каранда «Реццалъул орденгун»; Атаевазул 3 вац: Шарапдин, Низамудин, Мух1амадрасул; Г1адуевазул3 вац; Х1ажи, Мух1амад, Мансур.
Ичкаялдаса Байрамг1алиевазул 3 вац: Иманг1али, Г1адил, Аскерхан.
Буртунаялдаса Магьдиевазул 3 вац: Идрис, Ах1мад, Мах1амад; Сагитовазул 3 вац: Сагитт, Мусса, Юсуп; Гереевазул 3 вац: Абубакар, Г1абдула, Ама.
Гъозталаялдаса Шираздиновазул 3 вац: Г1абдулманап, Г1абдулг1азим, Басир.
Алмахъалдаса Г1абасовазул 3 вац: Забит, Зулумхан, Магьдихан; Насрудиновазул 3 вац: Шагьрудин, Хайрудин, Гьашим; Х1асановазул 3 вац; Гъанбулат, Г1умар, Улубий; Хаматовазул 3 вац: Самад, Г1абдулмалик, Халипав.
Г1амирг1алиев Набиев ва гьесул вас Г1алисултан.
Г1ассияв тушманасде данде бах1арчилъиялда рагъана:
Алмахъалдаса 3 вац; Къадиевал (Г1абдулсаг1ит, Г1адилгерей, Забит), Салмановазул 3 вац; Мух1амадкамил, Саг1ит, Карим,
Шамсудиновазул: Джамалодин, Камалодин, Жайрудин.
Гуниялдаса 3 вац; Булачевал (Мух1амад, Г1абас, Г1алисултан), Г1исаевазул 3 вац; (Х1ажи, Мух1амад, Имамирза), Буртунаялдаса Г1адиевазул 3 вац (Мух1амад, Г1абдулат1ип, Зайнудин), Г1алиевазул 3 вац (Ибрагьим, Асх1аб, Зирал), Уладиевазул 3 вац (Сулайман, Расул, Башир), Иххаса Мух1амадовазул 4 вац (Абук, Х1асан, Г1абдубашир, Мух1амирза), Дилималдаса Мутуевазул 4 вац (Мустафа, Зарбудин, Г1айнудин, Абулав), Темирбулатовазул 3 вац (Мух1амадх1абиб, Мух1амадмансур, Халит), Улубиевазул 3 вац (Мух1амадг1али, Х1айбула, Деги), Миякьоса Угуевазул 3 вац (Камил, Хасбулат, Наби), Ц1обокьа Исламовазул 3 вац (Расул, Шарапудин, Тажудин).
Тушманасухъ асирлъиялдаса хвел т1аса бищун партизаназул отрядазда рагъана Дилималдаса Абакаров Ама (Х1анмух1ама), Буртунаялдаса Г1алиев Асх1аб, Ичкаялдаса Гъойтукъаев Х1ажи.
ГЬАЗ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО К1ВАНАГ1АН Г1АГАР ГЬАБУНА.
стр. 118.
К1удияб бах1арчилъи бихьизабуна Салатавиялъулаз К1удияб Ват1анияб рагъул кьог1ал майдабазда. Гьел хилилъич1о жидерго умумузул бихьинчиял ишазе.
Гертмаялдаса Г1абдулаев Мух1амад нахъекъай гьеч1ого къеркьана Смоленскиялда ва Москваялда гъоркь. Белоруссия, Варшава, Бахъбаккул Пруссия эркен гьабиялъе рагъазулъ. Гьесул рагъулаб нух к1одо гьабун буго «Баг1араб Байрахъ» ва к1иго «Баг1араб Ц1ва» орденаз «Бах1арчилъиялъе г1оло» ва «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медалаз.
Х1ажигороев Х1ажигоро жиндиего бокьун рагъде анна 1941 соналъул 17 июлалъ. Гьес бихьинчилъи бихьизабуна Керчалъе г1оло карал рагъазулъ, г1ахьаллъи гьабуна Прибалтика эркен гьабиялъе. Батареялъул комиссар, капитан Х1. Х1ажигороевасе кьуна Александр Невскиясул орден «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медаль.
Взводалъул командир лейтенант, Гуниялдаса Муслимов Вагьид Керчь босиялъе г1оло мустах1икълъана Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орденалъе, Сапун – Гора босиялъе йин абуни «Баг1араб ц1ва» орденалъе.Буртунаялдаса роталъул командир Мидиев Батирхание т1оцебесеб рагъулъго кьуна «Бах1арчилъиялъе г1оло медаль, хадусанин абуни К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул ва «Баг1араб Ц1ва» орденал.
Ц1обокьа Дарбишев Исмаг1илх1ажица нахъе тана курсантасдаса полкалъул командирасул заместителасул хъулухъалде щвезег1ан рагъулаб нух. Майор Дарбишев мустах1икълъана Ват1анияб рагъул 1 ва 2 даражаялъул орденазе.
Алмахъалдаса снайпер Жансуев Шайихмух1амадица ч1вана 97 фрицав. Гьесие кьуна Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден.
Дилималдаса Шарабудинов Ансарияв арзаги кьун рагъде анна 1943 соналъул 23 марталъ. Гьес командирлъи гьабуна кьвагьдохъабазул взводалъе. К1удияв лейтенант Шарабудинов мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе.
Ихха росулъа минометазул взводалъул командир Сайдула… Зубайри Моздокалъул рахъалъ карал рагъазулъ мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе.
Дилималдаса фронталъул разведчик, лейтенант Абубакаров Васако фашистазде данде рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло мустах1икълъана «Баг1араб ц1ва» орденалъе. Васако ч1вана 1945 соналъул
Свидетельство о публикации №209080301073