Алмак - фронтовик Абакаров Ахмед
Г1умруялъул 25 сон т1убалеб, бищунго камилаб г1ужалда фашистаздаса Ват1ан эркен гьабизелъун къеркьолезул кьеразулъе ах1ана Казбек районалъул Калининаул росулъа Абакаров Ах1мад. Гьесул рагъулаб нух байбихьана к1иабилеб Белорусиялъул фронталъул 76 армиялъул г1арадачаг1азул гвардиялъулаб дивизиялъул 154 полкалда.
Нижер «Баг1арал лъак1ал ралагьулез» ц1ех-рах гьабулаго баянлъана Абакаров Ах1мад мустах1икълъун вук1ин «Баг1араб ц1ва» орденалъе: амма лъукъараб бак1алдаса сахгьавизелъун вит1иялъ гьесухъе гьеб щун гьеч1о. 1945 соналъул 10 февралалда хъвараб № 16 шапакъат, кьеялъул т1амачалда бихьизабун буго гьеб т1адег1анаб шапакъат кьеялъе ккараб г1илла.
1945 соналъул 25 январалда къог1ал рагъал унел рук1ана Германиялъул Бризен шагьар эркен гьабиялъе. Гарадаялъул расчеталда вук1арав гьев кколаан гьелда снарядал лъолев чилъун. Гьеб мехалда хисизе ккана наводчикги ва живго вагъизе лъугьана. Гьес гьениб т1аг1инабуна тушманасул к1иго пулемет ва 15 солдат. Гьелъул х1асилалда нилъер лъелал солдатазда к1вана г1емераб маизалалда церехун инее.
1945 соналъул 3 февралалда г1арада ч1ун бук1ана Гросс-дай – Конопат росулъ. Гьеб мехалда нилъеразул горсвериялдаса рорч1изелъун гьужумал гьаризе къасд гьабулел рук1арал тушманасул рагъухъаби , чанго нухалда нахъч1вана, гьел рук1ана ц1акъго зах1матал саг1тал. Гьенибги нилъер рокьцояс к1иго рагъухъан хисана. Амма г1арадаялъул снарядал лъуг1араб мехалда маг1арулав нахъе къач1о, автоматалъгун нахъч1вана тушманасул гьужум. Байбихьудасанго т1оцевесев лъабго немцав ракьалде шапизавуна, хут1арал нахъе къана.
Гьел кьог1ал тунка – х1усиязулъ бихьизабураб багьадурлъиялъе г1оло Абакаров Ах1мадие шапакъат кьеялъе 1945 соналъул 8 февралалда хасаб т1амачалда гъулбас гьабуна кьвагьдохъабазул гвардиялъулаб 154 полкаялъул командир, подполковник Меерсоница.
А. Абакаровас рагъазулъ цебеги бихьизабуна бах1арчилъи ва гьелъие г1оло гьев к1одо гьавуна «Багьадурлъиялъе г1оло», «Сталиниград ц1униялъе г1оло» ва цогидал медалаздалъун. Нахъе къайи гьеч1ев Дагъистанияс кивехун вагъизе кканиги тушманасда кьаби щвезабич1ого тун гьеч1о. Амма лъаларо г1агарлъиялда росу – ракь цоязда гьесул рагъул багьадураб нухалъул х1акъалда киг1анал баянал лалелали. Гьел бечедал руго.
Ц1ех - рехалъул заманалда т1аде раккизе нижеда к1варал яги нижехъе рит1ун рач1арал документазда бихьизабун буго 1916 соналда гьавурав, Казбек районалъул Юртаг1авухъ росулъа рагъде ах1арав Ах1мад Ах1мадович Абакаров кьалул майданалда къаншанин. Нижер «Баг1арал лъак1ал ралагьулезул» къукъаял х1укму гьабуна ц1идасан ц1ех – рех гьабун гьев хвараб ва вукъараб бак1 лъазабизе.
А. Абакаровасул г1агарлъиялда, цадахъ рук1аразда, гьудул гьалмагъзабазда гьарула Ах1мадил х1акъалда лъалелшинал баянал нижехъе хъваян. Ниже лъазе бокьун буго кинал гьунаразе г1оло «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль кьезе гьев вихьизавун вук1аравали. Нужер кумекалъ квербакъи гьабизе буго церехун рохсарал баянал нижехъе хехго щвеялъе. Гьединлъидал хъвай нижехъе гьаб адресалда:
Хасавюрт шагьар, Пролетаразул къва 1, 117 Педколедж.
Халилулаев Болатхан.
Г.»Чапар» от 26.09.94 г. №52, с.2.
Свидетельство о публикации №209080300897