Алмак - героический путь воина

РАГЪУХЪАНАСУЛ  БАХ1АРЧИЯБ  НУХ.

(на аварском языке)

Нилъер улкаялда рагъулаб х1инкъи т1аде г1агарлъараб 1940 соналъ цоцада хадур кьерал гьарун Баг1араб Армиялде унел рук1ана районалъул г1олохъабазул къукъаби. 13 сентябралда Дилималдаса Халунбеков Сайгидашим, Гъайирбеков Темиргор, Алмахъалдаса Нуцалханов Х1асан, Ильясов Х1абиб, Атаев Набигун Батайскиялдасан рик1к1адаб бакъбаккуде къот1ана рагъухъабазул эшелон. Нуцалханов Х1санида ва цогидал рагъухъабазда цебе лъураб масъала бук1ана Япониялъул т1аде к1анц1иялдаса Бакъбаккул т1орхъаби ц1уни. Мухъилав къвагьдохъан гъорлъ вугеб 156 хасаб батальон т1адч1ун х1адур лъулеб бук1ана рагъулаб ишалъе. Гьеб батальон гъорлъе унеб 57 механизмаздалъун хьезабураб бригада бук1ана округалдаго рагъулаб х1адурлъиялъул рахъалъ лъик1азул кьеразулъ.
1942 соналъул ахираял моц1аз фашистазул Германиялъул бут1руз масъала лъуна Сталининградалда ва кавказалда т1ад кверщелги гьабун улкаялъул нарталдаса мах1рум гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло немцаз рагъулъе ц1ана бищунго гучал дивизиял, аза-аар танкаби, самолетал ва цогидабги рагъулаб техника! Советазул Союзалъул командование, гьеб х1исабалдеги босун, х1ажатаблъун ккана рик1к1адаб бакъбаккудаса Сталининградалде рагъуе х1адурараб кадразулаб армия рехизе. Гьелъул кьеразулъ бук1ана х1саница хъулухъ гьабулеб, хадусан гвардиялъулаб ц1аралъе мустах1икълъараб 333 кьвагьдохъбазул полкги. Рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе ва бажариялъе г1оло Х1. Нуцалханов т1амуна кьвагь …..
1943 соналъул февралалда Х1сан т1оцесеб нухалда лъукъана ва къокъаб заманалда госпиталалде ккана. Сахлъун хадусан 54 хасаб соперазул батальоналъул кьвагьдахъабазул отделениялъул командир Нуцалхановасул бах1арчияб рагъулаб нух анна г1емерал шагьаралги росабиги эркен гьрулаго Сталиниградалдасан байбихьун Полтава-Киевалдасан Румыниялде, Венгриялде, Австралиялде.
1943 соналъул августалда тушманасул гулица Х1санил рахьагун к1игъеж борлъана. Ругъун бук1ана зах1матаб. Сахлъун хадусан гьес байбихьана тушманасдасан ц1идасан къисас босизе. Х1асанил рек1елъ асар гьарулеллъун хут1ана Венгриялда Балатон х1оралда сверухъ ккарал х1алуцарал рагъал. Гьенив Х1сан т1адагьго лъукъана, амма заман инелде рагъулъе лъугьана . Гьесул анишлъун бук1ана тушманасдаса ахиралде щун къисас боси.
1945 соналъул апрелалда Ват1анияб рагьул ахирисел къояз Х1.Нуцалхановас хъулухъ гьабулеб дивизиялъ Австриялъул техшагьар Венаялда т1ад кверщел гьабуна.
Ахириял рагъазулъе Х1асан г1ахьаллъана снайпер х1исабалда ва гьесул  г1ужде реч1ч1арал гулбуз чанги тушманасул рагъухъан халаса лъуна. Рагъулъ бергьенлъи босун хадуб Х1асаница хъулухъ гьабулеб дивизия рехана Ираналъул Тебриз шагьаралде ва гьениса рукъове т1ад вуссана «Бах1арчилъиялъе г1оло», «Вена босиялъе г1оло», «Будапешт босиялъе г1оло», «Сталининград босиялъе г1оло» ва цогидал медалалгун.
Х1. Нуцалхановас бищунго хирияб хазинаг1адин ц1унун руго И.В. Сталинил баркалаялъулал кагътал: 1945 соналъул марталъ Балатон х1ор босиялъе г1оло, 1945 соналъул 29 марталъ №346 Австриялъул г1орхъоде щвеялъе г1оло, 1945 соналъул 3 апрелалъ №324 Вена шагьаралде г1агарлъиялъе г1оло, 1945 соналъул 13 апрелалъ №334 Вена шагьар бисиялъе г1оло кагътал.
Бах1арчияб, рагъулал гьуна раз ц1ураб халатаб нух нахъатана Сталининградалдаса Венаялде щвезег1ан Алмахъалдаса рагъухъан, ц1адулав патриот Х1асан Нуцалхановас. Рагъдаса хадусел киналго сонал Х1асаница кьуна г1агараб колхозалъул маг1ишат цебе т1езабиялъе. Гьанже 80 сонил г1умруялде вахарав Х1. Нуцалхановас жигараб х1алт1и гьабула г1ун бач1унеб г1ел Ват1ан бокьулеблъун куцалде.   
Г.»Чапар» гь.4. 19.02.2001 с.                Расул Идрисов.
 
ФРОНТОВИК ХАЛИМБЕКОВ РАСУЛ.

К1удияб ват1анияб рагъ бай бихьилелде жинда жаниб ункъго колхоз бук1араб Алмахъ росолъа 300 ялдасаги ц1ик1к1арав чияс г1ахьаллъи гьабун буго гьеб рагъда. Гьезул г1емерисез г1умру кьун буго Ват1ан ц1уналаго. Г1агараб росолъе т1ад русадазулги ц1акъго дагьал хут1ун руго. Гьединазул цояв, Халим..ков Расулица армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана жегирагъбашлагьилелдего. 1941 соналъул январалда Дальный Востокалда. Хъвай-ц1али лъаларев, г1урус мац1алъулги ц1акъго дагьаб гурони бич1ен гьеч1ев маг1аруласе зах1матго бук1ана рагъулаб ишалъе ругьунлъизе. Хъулухъ гьабизе байбихьун буго 354 кьвагьдохъабазул полкалда ва 1385 зенитчиказул артиллериялъул часталда. Лъик1аланго заманаялъ т1убазабун буго поварасул хъулухъги. Ц1адулал рагъул нухаздасан унаго Расулида бищунго рак1алда ч1арал рагъазул цояб кола Берлин босиялъе г1оло гьабураб рагъ.
Жанибе лъин баккараб хандахъги бук1ун, гьелдаса ц1унизе ц1ул-хъарщи балагьизе сверухъе арав дун вихьун вугоан тушманасда, гьез реч1араб г1арададул гула дида цебеги кьвагьун, гьелъул карачелалъ дун лъик1алаго манзилалъ  довег1ан рехана, г1ажаибаб талих1алъ ч1агоги хут1ун, хехго хъурщун дирго хандахъалъув т1епана. «Халимбеков ч1вана» - Ян абулеб раг1унаан гьалмагъзабазин рак1алде щвезабуна фронтовикас. Х1акъикъаталдаги, рукъобе хабар бит1ун бук1ун буго Расул рагъда ч1ванилан.
Рагъда х1инкъи-къай гьеч1ев валебалав рагъухъан х1исабалда Расул восула партиялъул кьеразулъе. Цох1о гьеб х1ужаялъги бицун гьев рагъда  ктнав вук1аравали. Командованиялъ кьурал рик1к1ен г1емерал баркабигун  медаль-киласаз керенги ц1езабун, 1945 соналъул октябралда вуссана фронтовик г1агараб росолъе. «Бергьенлъи кохозалда Халимбеков Расулица т1убазабич1еб ч1ег1ераб-хъах1аб х1алт1иго хут1ун батиларо. Рагъда гуребги ракъилаб г1умруялдаги гьабуна Расулие хвалица «махсаро». Гьел магъгун сапаралдаса рукъоре рач1инаго данде бач1унеб автомашинаялъе нухги тун довег1ан къарав Расул т1адег1анаб вольталъул токалъул т1ун г1одобе делараб квариде т1аде ккола. Жиндаго хъварабго токалъ гьев довег1ан рехула ва лъавулдаса уна. К1удияб ругъун лъун батула кванараб гъежалда. Рагъдаго г1адин, Аллагьасул х1алк1олъиялъ хвеч1ого ч1аго хут1ула.
Церег1ан соналъ хвана Расулил лъадиги. Хут1ана лъималгун живго. Хадусан гьарурал ригьназулги бит1го ккеч1о. 90 ялдасаги ц1ик1к1арал сонал ругониги сах-саламатаб ч1аголъиялдаги вуго. Хуриб-къват1иб жиндирго к1одолъиялда рекъараб х1алт1иги гьабула. Бач1уна моц1ие 1648 гъурущ пенсияги.
Тамахьо ц1ай таралдаса лъи к1аб ч1аголъи лъугьана черхалъе. Тамахьйилан абуни гьес лъимерлъиялдасаго ц1алеб бук1ана. Ц1ар к1удияв – вас, ц1обк1удияй – ясилан абула алмахъаз. Гьелъухъего ц1ар к1удияв Расулил вас г1умру-яшав гьабун рик1к1адег1ан вуго. Ц1об к1удияй яс – Зулайхат инсул, рагъул ва зах1маталъул ветеран Халимбеков Расулил т1алаб – агъазги гьабун йиго.
г.«Чапар» гь.4. Калининаул  росо. 19 февраль 2001 с.   Мух1амадкамиль Лах1итов.

ПРАГАЯЛДАСА  ПОРТ – АРТУРАЛДЕ .
Калининаулалдаса Жамалдин Шамсудинов Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе ах1ана 1940 сонил июль моц1алъ. Гьес гьеб ракълилаб соналъ хъулухъ гьабизе ккана Мурманск шагьаралда.
Цоялда хадуб цо гьарун унел рук1ана гьеб ракълил соназул моц1ал ва Жамалдинида кинго рак1алда бук1инч1о живго гьел рагъулал ц1аязда гьоркьосан тушманасде т1аде инее ккелин абун.
1941 сонил 22 июналъ финазулгун гитлеразул т1оцебесеб кьаби т1аде босана гьесхъулухъ гьабулеб 61 абилеб автомашинабазул полкалъ. Гьезда цебе масъала лъун бук1ана Мурманскиялдехун тушман инее кколеб 314 абилеб борхалъи щулаго кквезе. 14 нухалда цоцахъа бахъана гьеб борхалъи ва нилъер рагъухъаби цо галиялъцин нахъе къач1о. Гьеб рагъулъ лъукъана т1оцеве Шамсудинов.
Госпиталалда ругъун сахлъизег1ан ч1еч1ого Жамалдин т1ад вуссуна фронталде ва 1942 соналъ гьев вахъана бухьеналъул 9 полкаялда связистлъун. Зах1матаб буго рагъулъ бухьеналъул х1алт1и. Гьелда бараб буго командирасул амру жиндир заманалда т1аде щвейи. Чанги сордоялъ ва къоялъ чйхьалда хъурщизе ккана. Жамалдин бухьеналъул бомбабазги т1езарурал кварал рац1ине. Гьеб рагъухъанасул зах1матаб иш гьез рак1бац1адго т1базабуна.
Рагъул хадусел соназ Жамалдинов бах1арчилъиялда вагъана 39 армиялъул 16 механизировать гьабураб полкаялда Духовщина, Витбсек шаварал эркен гьариялъе г1оло ва Тильзит, Кенигсберг тушманасухъа рахъизелъун.
Хадусан Жамалдин тушбабигун вагъана Румыния, Польша, Венгрия  ва Чехословакиялъул шагьарал ва росаби эркен гьари мурадалда. Чехословакиялъул Бруно шагьар эркен гьабулеб рагъулъ гьев вук1ана пулеметчиклъун ва гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло Шамсудинов мустах1икълъана «Рагъулал ишазе г1оло» медалалъе. Гитлерилаб Германиялде данде рьабулеб рагъ нилъер районцояселъуг1ула Прага шагьаралда. Амма Шамсудиница хъулухъ гьабулеб гьесул г1агараб 39 армиялъул рагъухъабазе жегиги рагъ лъуг1ун бук1инч1о. Июль моц1алъ гьеб армия рехана. Япониялъул миллитаристазде  данде багъизе.
Рагъалгун цевехун унаго Шамсудиновас хъулухъ гьабулеб 16 мехкорпусалъул  рагъухъабаз эркен гьаруна Мукден, дальний ва Порт-Артур шагьарал. Гьеб к1иабилеб рагъ Жамалдиние лъуг1ана Порт-Артуралда.
Гьанже гьесул каранда буго цо чанго рагъулал шапакъатал, гьезда гьоркьор руго Германиялда ва Япониялда т1ад бергьенлъаби Росиялъе г1оло кьуралги. Лъуг1ана рагъал. Гьев т1ад вуссана жиндирго г1агараб Калининаул росолъе. Х1алт1ана «Казбек колхозчи» газеталъул жавабияв секретарьлъун, росдал Культурияб Рукъалъул директорлъун.
Гьединав вуго рагъухъан ва рак1бац1адав х1алт1ухъан Жамалдин Шамсудинов.               
     Г. «Коммунист», №55, гь.2.  09.05.1974 с.                А.Абакаров.

ЗАКОНАЛЪУЛ ХЪАРАВУЛ
Г1АБДУЛГЪАПУР Г1АБДУЛГЪАПУРОВ.
Дида мух1кан абизе к1ола г1адло – низам ц1униялъул жавабияб, к1вар ц1ик1к1араб х1алт1и бажарун цебехун бачиналъулъ Г1абдулгъапурида, ващалъулев вук1инч1еблъи. Т1адег1анав Аллагьас кьураб гьунарги, махшелги, лебаллъиги, ц1одорлъиги бук1ана гьеб. Гьев г1адамаздеги божарав вук1ана, г1адамал гьесиеги киданиги хиянатлъич1о» (Алмахъалдаса Мирзахан Нуцалханов).
«Гьесул рет1а – лъайги, вак1а – вахариги цогидасухъа ц1унун бажарулеб г1адаб мух1канаб бук1ана. Мух1канлъиялъул рахъалъан бищунго т1асияб даражаялда бук1ана гьабулеб х1алт1иги. Ц1акъ бокьулаан ярагъ. «Орел» абулеб чода гьес росабалъе бухьунеб бук1араб зах1матаб сапар гьанже ругез автотранспорталдацин гьабуларо». (Дилималдаса Расул Идрисов).
Щив ккокев гьаниб бицен гьабулев Г1абдулгъапур? Лъие мисаллъун гьев вук1ине кколев?
Г1абдулгъапур Г1абдулгъапуров гьавуна 1915 соналъ Алмахъалдаса рекьарухъабазул Батирил ва Ажатайил хъизаналъе. 1919 соналда граждан рагъул соназ Хасавюрталда хъах1ал казаказ ч1вана эмен. Ккана эбелалъул къаимлъиялде. Амма к1удияв инсуца бесдаллъи лъазе теч1о, г1уна гьесда аск1ов, яц Пат1иматил т1алаб гьабуна инсул вацас. Эмен камунилан тухумалъ лъималазда бесдаллъи ялъун къвал базе теч1о.
1926 соналъ кьуна Алмахъалда рагьараб т1оцебесеб школалде цебе бугеб интернаталда.
Гьит1инго Г1абдулгъапурилъ загьирлъана ях1 – намус бичунгут1и, г1аданлъи ц1ик1к1ин, т1аде босараб иш ахиралде щвезаби. Ниж цадахъ ц1алана гьел соназ. Интернаталда лъугьана комсомолалъул мухъилъеги – ян рак1алде щвезабулеб буго Гуниялдаса Анварбек Айтемировас.
Ц1али лъугьарабго гьит1инав «Х1аким» вачана Алмахъазул кресткомалъул х1исабчилъун ва хадув 1934 – 37 соназ т1амуна росдал школалъул пионеразул вожатиясул х1алт1уде.
1937 сонил 30 сентябралда Г1абдулгъапур, жиндиего бокьун, уна Баг1араб Армиялъул кьеразулъе. Байбихьуде хъулухъ гьабула Котовскиясул ц1аралда бугеб лъабабилеб Бессарабиялъул рек1аразулаб дивизиялъул 127 абилеб милияб рек1аразул полкалда, хадуб 1938 сонил маялдаса гьебго дивизиялъул 34 рек1аразул полкалда муг1рузул г1арадабазул расчеталъул наводчик х1исабалда. Т1убанго г1ахьаллъи гьабуна Бакът1ерхьул Украиналда ва Белоруссиялда гьарурал рагъулал сапаразулъ. Салатавиялде т1ад вуссана 1940 сонил сентябралда, амма т1ад вуссинч1о г1агараб школалде.
Ихтиярал ц1униялъул органазда Г1абдулгъапурилъ рихьана жидеего рекъарал г1амал – хасиятал рагъулав цевехъан г1адамазда гьоркьоб г1адло ц1унун бажари. Гьединго батила , 1941 сонил 15 февралалда г1олиласул къисмат ва т1олабго хадусеб г1умру ихтиярал ц1униялъул г1уц1абигун бухьунги хут1араб. Баг1араб Армиялъул мухъилъ ВКП (б) ялъул членлъиялдекандидатлъун восарав гьев, 1941 сонил февралалда кандидатлъиялдаса членлъиялдеги восана. Налъи ц1ик1к1ана, божилъи рит1ухъ гьабизе кколаан. Гьаниб дагьабго хронологиялъулал баяназдалъун г1ей гьабизин:
1941 сонил 15 февралалдаса 1943 сонил 1 октябралде щвезег1ан х1алт1ана НКВДялъул Казбек РОМалъул уполномоченнийлъун;
1 сонгун 8 моц1алъ т1убазабуна райотделениялъул оперативияв уполномоченниясул х1алт1и;
1945 сонил июналдаса 1949 сонил ноябралде щвезег1ан х1алт1ана райотделениялъул начальникасул заместительлъун. 1947 сонил февралалда ДАССРалъул МВДялъул хасаб комиссиялъ милициялъул райотделениялъул х1алт1ул халгьабиялъул х1асилазда бихьизе гьабулеб буго «лейтенант Г1абдулгъапуров милициялъул райотделалъул начальникасул хъулухъалде вачине резервалда лъезе бегьула» абун».
Зах1матал рук1ана гьел сонал. 1942 соналъ г1олохъанав милиционерас ахиралде щвезабуна 11 уголовнияб дело, т1атинабуна лъабго бидулав г1ахьаллъун гьабураб чи ч1ваялъулаб зах1матаб рак1гъанц1улеб такъсир. Гьелдаса хадуб, щаклъитун гьесие гьеб сонил 13 маялда сержантасул чин кьола. Яги, 1946 соналъ райотделалъул начальник Милициялъул Т1адег1анал курсазде Москваялде анлъго моц1ил болжалалда араб заманалда, гьеб х1алт1и т1убанго т1адкъана Г1абдулгъапурида. Т1адег1анал г1уц1абазул халгьабиялъул рапорталда баян гьабулеб буго Г1абдулгъапуровасул нухмалъиялда бугеб райотделалъ гьеб анлъго моц1алда 69 чи жавабчилъиялде ц1араб 46 уголовнияб дело ахиралде щвезабунилан.
Г1абдулгъапурилгун дир т1олабго лъимерлъиги бухьараб буго. Х1айранго ралагьулаан ниж гьев жиндирго эбелалъухъе гьоболлъухъ вач1индал, к1удияб рохел бук1ана рицунел лъугьа – бахъиназухъ г1енеккизе щвейи. Кутакалда адаб гьабулаан дандиязул, г1айиб ккараб лъимерг1адан валагьулаан харабазухъ - ян бицуна Ленинаулалдаса Гъубахан Тавсултановас.
1949 сонил ноябралдаса 1960 сонил июналде щвезег1ан т1олабго жан, къуват, бажари кьуна Салатавиялъул росабалъ законияб г1адло – низам ц1униялъул х1алт1уе нухмалъи гьабулеб милициялъул райотделалъул начальниклъиялъе. 1953 соналъ гьеб х1алт1и гьоркьоб къот1ана Челябинскиялъул лъаг1алилаб милициялъул школалда ц1алиялдалъун. 15 сонгин 10 моц1гин 7 къо кьуна гьес т1убараб жавабчилъи т1аде босараб х1алт1уе. Г1аммаб х1исаб гьабуни, рагъухъанасулаб хъулухъалъе Г1абдулгъапурица кьун буго 28 сонгун 4 къо.
Гьаб материал х1адурулагун дица гара – ч1вари гьабуна гьесул божарал гьудулзабазулгун, х1алт1ицадахъазулгун ва г1агаразулгун, Г1абдулгъапур лъалезулгун ва гьес тамих1алде ц1азе ккаразулгун, архивалдаса бач1инабуна «Хъулухъалъулаб дело».
Такъсир гьабураб г1айибиласулгун гьес гьабулеб гарач1вариялъул рихьулаан пашманал эбел – эменги, гьезие васасул «гьунар» т1атани гьабизе бугеб асарги. Чангиял рихьана дида Г1абдулгъапурида дандбит1ун столалда нахъа г1одорч1ун г1одулел г1айибиял. Жанив чи гьес чара бук1ун лъезе толароан, гьереси бицарасда т1асаги лъугьунароан, ккараб х1алалда баян кьуразе к1вараб кумек кидагоги гьабулаан, ян рак1алде щвезабула К1удияб Ват1анияб рагъулг1ахьалчи. Дилималдаса Ансарияв Шарабудиновас.
Г1абдулгъапур Гъозтаялде вач1индал нижеца ц1ехезе кколаан росолъ лъугьараб щибдаян. Щибго гьесдаса балъго гьабизе рес бук1инч1о. Хадуб биччантун бач1унеб чугун гьев т1аде щведал ниж киналго г1енеккизе х1адурулаан. Районалъул ах1вал – х1ал т1оцебе гьесдасан лъалаан - ян т1аде жубалеб буго милициялъул начальникасул бицунагун херав Х1асан Х1осеновас.
Г1абдулгъапурил г1умруялдаса ва х1аракаталдаса г1емерал мисалал рачине бегьула, амма цо лъугьа – бахъиналъул бицен гьабич1огун бегьиларо: районалъул нухмалъулезул данделъиялда бицен гьабулеб бук1ана такъсирчилъи ц1ик1к1иналъул, гьеб рагьизе милициялъ гьабулеб хашаб х1алт1ул. Ц1акъго ццидахун вук1ана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» колхозалъул председатель Гъ. Тавсултанов.
Данделъиялда г1ахьаллъи гьабула вук1арав республикаялъул вакил Ах1мад Пакъаловас к1алъала вук1арав гьоркьов къот1изавун, залалдехун вуссун ццидалъ абуна:
Казбек районалъ Г1абдулгъапуровасе памятник базе кколаан, районалда цо г1анк1о бикъани гьеб бикъаравги лъайч1огун Г1абдулгъапур кьижулароан, абун.
Т1ок1аб т1адег1анаб къимат – шапакъат кинабха бук1инеб. Рук1ана гьесул шапакъаталги, Г1абдулгъапурил хьолбохъан гьел инч1о:
1944 сон «За оборону Кавказа» медаль.
1945 сон «За доблестний труд в ВОВ 1941 – 45 г.г.»медаль.
1949 сон «За боевые заслуги» медаль.
1954 сон «Красная звезда» орден.
1958 сон «За безупречную службу» 1 ст. медаль.
1965 сон «20 лет Победы» медаль.
1967 сон «50 лет Советской милиции» медаль.
1975 сон «30 лет Победы» медаль.
1945 сон ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Х1урматияб Грамота, МВДялъул грамотаби, рухьалда ралел саг1атал ва цогидалги шапакъатал.
Отставкаялде арав подполковникас 1966 сонил 22 июналдаса г1умруялъул ахирисеб къоялде щвезег1ан нухмалъи гьабуна ДОСААФалъул районалъул комитеталъе. 1975 сонил декабралда к1одо гьавуна ДОСААФалъул ЦКялъул бищунго т1адег1анаб шапакъатлъун кколеб «За активную работу» абулеб каранда балеб г1аламаталдалъун. Кинаб х1алт1и т1адкъаниги добго жигаралъул ва жавабчилъиялъул х1алт1ухъанлъун вук1ана Г1абдулгъапур.
Г1абдулгъапурил г1умруялдаги бук1ана гьесда хадуб балъгояб халгьабиги. Масала, личное делоялда буго гьадинаб баян: «ункъг1ал Батирбиева Султанат инкъилаб ккелелде ана Турциялде ва нахъ юссинч1о» абун, яги «ч1ужуялъул вацц С. Г1изудин Хасавюрталъул нарсудалъ 1944 сонил 4 июлалда лъаг1елалъ жанив т1амуна», ян абун. Цойги мисал – хъулухъал т1уразаризе 7690 гъурущ багьаялъулаб М-72 мотоцикл босун бугин МВДялда хабар хеккого щвана.
1959 сонил январалда Г1абдулгъапуровасе тамих1 гьабураб амру хъвана, амма кват1ич1ого тамих1 мекъияблъун рик1к1ана. Кинабго гьесул бук1ине кколаан мат1уялда г1адин баянаб гурони, цогидазулгун гьабулеб х1аракат х1ашреч1араб бук1инаан.
Аллагьасул къадаралде ккана 1978 сонил 27 июналда, вукъун вуго абадияб рокъоре аразул Дилималда бугеб хабалалъ. Гьесул нахъа тараб нух шагьраг1адаб бук1инч1ониги, т1олабго х1аракат – намусалда т1анк1 лъеч1еб бук1ана, наслабиги гьеб роцада куцана. Гурелани, инсул нухдасан киналго вассал инароан, х1ажалъи карал Салатавиялъулазе ратулеллъунги лъалароан. Москваялда, яги Мах1ачхъалаялда гьез кумек гьабурал г1емерал ратула.
Г1абдулгъапурги гьесда релъарал цогидал Салатавиялъулалги, х1акъикъаталдаги  мустах1икъал руго ирсилазде, г1олеб г1елалда к1очонареллъун гьаризе. Гьелъие ресал ва нухал рати нахъе ругезул г1аммаб борч буго.
Гьаб назму – маг1у Г1абдулгъапургун г1умру арав, гьесул божарав гьудул, Дилималдаса Салимгереев Мух1амадица ишцояв Аллагьасул къадарщун нилъедаса ват1алъидал гьабураб. Бахъулеб буго хинаб бук1аниги хиси гьабич1огун. 
Виччай, Наби, дунги дудаго хадув
Хварав гьудуласул бицун к1алъазе
Зонода къвалги бан маг1у гьабизе
Хабадеги вуссун маг1ил г1ор т1езе.
Гьесул къадаралде шиг1ру хъвазеян
Чанги г1одов ч1ана столалда нахъа
Амма цо раг1ицин хъван бажарич1о
Бераз т1олеб маг1у т1адеги чвахун.
Дица рек1ей ссабру г1емер гьабула
Гьев хвеч1евин абун, ч1аго вугилан
Амма дур кагътиде т1аде къулидал
Къо рехана дица, к1веч1о х1ехьезе.
Гуро, гьалмагъзаби, дун божуларо
Гьереси батила Г1абдулгъапур хвей
Годуге, руччаби, гьабуге маг1у
Махсаро, батила дие гьабулеб.
К1алъаге телефон, бач1унге кагъат
Рокьухъаб хабаргун дун гъаримасухъ
Бухъуге хабалалъ ч1ег1ераб лах1ту
Нижер гьудул хвезе хивалал гьеч1ин.
Унтуе къвак1арав къвалакьа чергес
Мунгойиш чучарав, чарайиш хвараб
Чарамул черхалъул бодул цевехъан
Наркоз кьунищ мун гьез кьижизавурав.
Т1ат1ала ккун айги поликлиника
Дуе данде кколеб дару батич1еб
Ч1унтлае буссайги санитарный часть
Дур чехь къот1и – къот1изе нусал лъухьараб.
Бищун хиралъидал ват1алъилеван
Рак1алда бук1инч1о, хирияв гьудул
Хун ракьалда лъолев лъараб анани
Гьарилаан дунги цадахъ вачеян.
Дунялалъул рокъоб рек1ел гъеялъе
Мун Аллагьас нижей вижун вук1ана
Къваридал къояца рак1ал чучизе
Бет1ергьанас нижей виччан вук1ана.
Рек1ел гъейги ана нижехъе бахъун
Дуца бакъудехун берал къанщидал
Къваридал къоязги къорал реххана
Дуца къанида гъорлъ босен т1амидал.
Мун сапаралда вугин ссабру гьабила
Ссабру т1аг1аниги ниж гьудулзабаз
Мун дару босизе рик1к1аде анин
Бач1унареб кагътилъ балагьун ч1ела.
 г. «Чапар», №35, гь2. 28.08.2000 с. Дадаев М.Д.

НАЛЪУКЬ ХУТ1ИЧ1О.   
К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизе г1езег1ан моц1ал рук1аго 1939 соналъул октябралдаго армиялде ах1ана Калининаулалдаса Батимирза Г1исах1ажиев. Т1оцересел къоясдаго гьев ккана Япониялъулгун г1орхъоде, рик1к1адаб Востокалде. 1941 соналъул 5 марталде щвезег1ан гьенив хут1ана. Хадуб гьев гъорлъ вук1араб кьвагьдохъабазул полк Литваялъул г1орхъоде рехана.
Нилъер ракьцояс хадуб ккунисеб хъулухъ гьабулеб бук1ана гьениб. Фашистал тохлъукье аскарал нилъер ракьалде рехараб 22 июналъул радакье, саг1ат 4 ялда Батимирза вук1ана посида ч1ун. Лъугьунеб бугеб ах1вал-х1алалъе г1емер тохго рук1ин ч1ониги церехун иналъе нух къот1ана тушманасул самолетаз рехарал рик1ен г1емерал бомбабаз. Нухал къана х1атта нахъ руссинецин.
Батимирза бищунго кьог1ал рагъазулъе г1ахьал лъизе ккана 1942 соналъул октябралда. Байбихьуда тушманасул къуват ц1ик1к1араб бук1ана. Хадуб нилъеразги гьаваялдасан самолетазул, г1одосан абуни танкабазул къадар ц1ик1к1инабуна ва байбихьана гучал т1адецуял ва гьужумал гьаризе. Гьелдаса хадуб дагьабго г1одоре риччай бук1ана. Гьеле гьеб мехалда Б.Г1исах1ажиев гьалмагъзабигун сверун куна ва бащалъи гьеч1еб рагъ гьабизе ккана. Гьенир хут1ана гьев ва командир. Гьесул квег1аб бералда т1аса бет1ер ва кваранаб бохги  зах1матго лъукъана, живго лъавуде вач1иналде санчасталда ватана. Гьеб рагъулъ Батимирзае кьуна 3 даражаялъул орден Славы.
Батимирзае зах1матаб операция гьабуна ва гьелдаса хадув цин Рязаналъул ва хадув Казаналъул госпиталалда сах гьавуна. 1943 соналда абуни инвалид х1исабалда рукъове вит1ана. Т1адвуссаралдаса х1алт1ана тукадул ва складалъул заведующийлъун, школалъул завхозлъун. Гьебго заманалда т1убана общественниябгун тарбия кьеялъулаб х1алт1и. 
Хадуб кьуна орден Отечественной войны ва юбилейниял медалал.
1991 соналда абуни гьес сапар бухьана х1ежалде ва гьеб т1убана. Аллагьас къабул гьабураб батайгийин Батимирза-Х1ажил гьеб.
19.07.92с. къадар Аллагьасул щун нилъедаса анна Исах1ажиев Б. Аллагьас мунагьал чураги гьесул.
\09.05.1992 с.     г. «Коммунист»\.

Г1АГАРАБ ГЬАБИЯЛЪЕ
К1иго рагъул г1ахьалчи  стр. 14.
К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизе к1игониги сон бук1ана нилъер районалъул рик1к1адаб Алмахъ росулъа г1олилав Р. Мирзаевас Баг1арармейцасул рет1ел рет1араб мехалда. Расул армиялде ах1ана 1938 соналъул ахиралда ва 1939 соналда Финазулгун рагъде лъугьунег1ан гьесул часть бук1ана Украиналъул Шепетовка абулеб гьит1инаб шагьаралда.
1939 соналда гьев салдатлъун кколеб часть ккана Ленинград областалъул Гатчино станциялде ва гьенисан байбихьана Финазулгун гьабулеб рагъазулъе г1ахьаллъизе. 1940 соналда рагъал ч1езег1ан гьенив хут1ана ва хадув рукъове т1ад вуссана Р. Мирзаев.
Амма ракълилаб х1аракатчилъи гьесие халатаблъун бук1инч1о. Гьебго соналъ гьев нахъеги рагъулаб хъулухъалде ах1ана ва Ираналда ч1арал советиял аскаразулъе вит1ула. Расулида гитлерилал фашистал нилъер г1орхъаби хвезариялъул хабар раг1уна гьениб ва рагъ байбихьарал къояздаго цогидал солдаталго гьадин гьев г1ахьаллъула Кавказалъул севералъулаб рахъалда унел рагъазулъе ва Моздокалдасан байбихьула тушманасда унго-унгоял кьабиял щвезаризе.
1943 соналда рагъал унел рук1ана Украиналъул ракьазда. Нахъе къалев тушманас гурх1ел тун рух1улел ва рихулел рук1ана росаби, хвезабулеб бук1ана къиматабщинаб. Гьениб, Днепр г1ор бахунаго карал рагъазулъ к1иябго бохалда ругънал щвана Расулида. Гьел г1емер зах1матал рук1инч1о ва дагьабго заманалдаса, гьел сахлъун хадуб нахъеги ярагъ кодобе босана.
Гьоркьоб заман иналде нахъеги лъукъана гьев. Гьел ругъналги руссинарун кват1ич1ого нахъеги т1ад вуссана Фронталде. Амма лъабабилеб нухалда к1иябго бохалда щварал ругъназ гьев кидагоялъе инвалидлъун хут1изавуна. 1944 соналъул декабралде щвезег1ан Р.Мирзаев сах гьавуна Бакуялда бук1араб госпиталалда. Гьениса т1адвуссаралдаса х1алт1ана колхозалда. Мустах1икъаб х1ухьбахъиялда вугониги х1алхьда ч1оларо гьанжеги.
Расулица нахъа тана рагъул халатаб, зах1матаб, амма гьайбатаб, бах1арчияб нух. Баркула гьесда бергьенлъиялъул къо – 9 май.
09.05.1989 с. г. «Коммунист»

ВАТ1АНАЛЪЕ Г1ОЛО ВАГЪАНА.
стр. 15.
Щибаб рагьараб сордоялъ, рок1к1араб къоялъ нилъ рик1к1ада гьарулел руго доб, К1удияб Ват1анияб рагъалъул советияб халкъалъ дуниялго х1айран гьабураб Бергьенлъи босараб 1945 соналдаса, амма гьебго заманалда г1агар гьарулел руго гьеб бергьенлъиялъ 50 сон свериялъул гьайбатаб юбилеялде. Гьеб бащдаб г1асруялда загьирлъулел руго ват1ан ц1униялъе рух1алда барахщинч1ого къеркьаразул ц1иял ц1арал, ай гьоркьоб къот1ун гьеч1о рагъул дандерижи.
Гьаб макъалаялда бицен гьабулев Н. Будайхановги гьединазул цояв ккола Наби Алмахъ росулъа Баг1араб армиялде ах1ана дунялалъулго к1иабилеб рагъ байбихьизе жеги цо лъаг1ел бук1аго, ай 1940 соналъул 17 июлалдаго. Гьеб къоялъ гьезда цадахъ рук1ана Дилималдаса Ах1матх1анов Х1айбула, Г1умарх1ажиев Г1имадудин, Гъозталаялдаса Абакаров Х1ажих1ма, Хубаралдаса Мут1алибов Щуг1йп, Гертмаялдаса Дибиров Мухтар ва цогидалги.
Хинаб югаялдаса ах1арал г1олохъаби бит1ахъе Севералде инее ккана. Гьел рехана цин Петрозаводскиялде, хадур Мурманскиялде, гьенисаги ралъдал ч1инк1иллъиялда бугеб Тирибирка абулеб гьит1инабго поселокалде ккана. Гьенир т1оцебесеб къоялъго кьвагьдезе ричанава Набица пайда босана рукъов вук1аго чанахъе хьвадулаго щвараб х1албихьиялдаса ва т1олалго гулби г1ужда щвезаруна. Гьенив Наби т1амула снайперазул отделениялъул командирлъун. Г1адатияв солдат гуревги, гьев вук1ана командирги ва жавабчилъи ц1ик1к1ана.
14 армиялъул кьвагьдохъабазул 325 полкаялъул снайперасда Гитлерил г1амалчаг1аз нилъер г1орхъаби рахиналъул хабар гьениб раг1ана ва гьезул полкалъул кьвагьдохъаби десантх1исабалда финазул чвахиялде рехан. Гьенив халат вагъизе ккана. Рагъал унел рук1ана г1адамазул ва техникаялъул рахъалъ чанго нухалда къуват ц1ик1к1арав тушманасулгун. Амма 1943 соналъул риидалил г1уж щвезег1ан фашистал церехун риччач1о. Хадув кьвагьдохъабазул 1800 полкгун цолъизавуна ва нахъеги Петрозаводскиялде ккана. Гьенив вагъана Финазулгун бук1араб рагъда.
Цоги лъаг1елалдасан, 1944 соналда гьезул полкалда т1адкъана Польша-эркен гьабиялъе унел рагъазулъе г1ахьаллъизе. Амма гьал т1аде щвелалде К. Жуковасул фронталъул рагъухъабаз  гьениса тушман нахъе хъамун ватула. Гьедин бук1аниги рагъулаго уна Данциг шагьаралде щвезег1ан. Гьенир ккана г1умруялъ к1очонарел рагъал. Снайперазул сахаб ротаялъул 7 чи хут1ана, ункъгоял хут1ана Набил отделениялъулги.
Тушманасдаса шагьар эркен гьабизе кколеб бук1ана цо-цо рукъ ккун. Гьеб зах1мат гьабуна бак1 лъалареб бук1иналъги. Цо рукъалъул гъоркьияб этаж нилъер рагъухъабаз бахъарабго гьел т1асиял этажалде рак1арана. Гордухъан хал гьабизе ваккарав роталъул командирасда гула щвана ва гьев г1одов ккана. Гьебсаг1ат Набица жанивехун вачана ва нилъерго солдатазухъе кьуна. Дагьалго саг1тал гьоркьор иналде Н. Будайхановасулги квег1аб гъеж зах1мат лъукъана.
Гьениб данд ч1вай гьабуна рагъ лъуг1унеб соналда. Ругъун бак1алдаго сах гьабизе к1олареб лъан гьев вит1ана Польшаялъул шагьаралъул цо больницаялде. Суаллъун бук1ана ругъун сахлъизабизе к1оларин, гъеж къот1изе кколин, амма гьелъие гьев разилъич1о ва дару гьабизе ккана чанго моц1алъ. Бергьенлъиялъул къоялда – 9 маялда дандч1вай гьабуна гьениб к1удияб Бергьенлъиялъулъги нилъер ракьцоясул т1инк1араб биялъул гьит1инабго бугониги бут1а бук1ана. Гьелдаса хадув гьев Россиялде т1адвуссана ва 1945 соналъул хасалихъе рукъове вит1изег1ан Ярославль областалъул Рыбынск шагьаралда хут1ана.
Рагъулалдаса г1емерго бигьаяб бук1инч1о гьесул зах1маталъул нухги. Рукъове т1адвуссараб октябралдасанго гьев х1алт1изе лъугьана милициялъул райотделалде. Милициялъул х1алт1иги бечедаб буго рак1алда гьеч1ел лъугьа-бахъиназдалъун Х1алуцараб бук1ана гьеб Н. Будайхановасеги.
Цо къоялъ дежурствоялда вук1рав гьесде Ленинаулалдасан к1алъан вуго жанисел ишазул отделениялъул начальник Г1-гъ. Г1абдулгъапуров. Начальникас т1алаб гьабуна к1иясухъего чуялги рачун хех т1аде щваян. Гьениве щваравго абуна алмахъалдаса бикъараб к1иго чу чачаналъехун ун бугин. К1иясго сапар бухьана ва Магъжарире щолаго чуязул лъак1де ккана. Чуязул лъак1аз ричана нилъергун г1орхъода бугеб  цо гьит1инабго утаралде ва гьенире щвелелде цо расалъиялда чуялги ратана.
Г1емер зах1мат бихьана жалго цогьал ралагьулагоги. Ахирги гьел ккуна, к1иявго чуязда рек1инеги гьарун Дилималде рачана. Гьезда т1ад гьабураб делоялъул халкъияб судалъ хал гьабуна ва к1иясего 8-8 сон туснахъалъул кьуна.  Мустах1икъаб х1ухьбахъиялде инег1ан х1алт1ана гьенив. Пенсия босун рукъов ч1аралдасаги общественнияб г1умруялдаса ват1алъич1о ва кумекчилъун, маслиг1атчилъун вук1ана кивго.
                Мух1амадов Салих1. г. «Коммунист». 24.01.1994с.

Т1ОГЬИЛЛЪАРАЛ  Т1АНЧАЛ РЕГУЛАГО…
стр. 17.
Дида цере руго т1огьиллъарал, бараб заманаялъ т1ад ханлъи гьабурал, г1адатияб тетрадалъул лъабок1онал кагътал. Гьезул цоялъул буго 44, цогидазул 43 сон. Рарал соназ бак1-бак1алдаса х1улун цо-цо мухъал ц1ализецин зах1малъула. Гьел ккола алмахъ росулъа лейтенант Мух1мад Жабраиловас рагъул авлахъалдаса г1агарлъиялде хъварал кагътал.
Киналго советиял г1адамазулго г1адаб г1адатияб буго Мух1амадил г1умрудул къисмат. Ц1алана г1агараб Алмахъ росулъ, гьенибго лъуг1ана 7 класс, хадув х1алт1улев вук1ана г1агараб колхозалда. Г1емерал анищал рук1ана г1олиласул. Амма къисматалъ гьев вачана г1асиял, Ват1ан ц1униялъе г1оло гьарулел рагъазулъе. Ват1аналде т1аде фашистазул хъамалчаг1и к1анц1араб 1941 соналъ г1олиласул бук1ана 19 сон. Рагъ байбихьарал т1оцересел къоязго Мух1амадица къасд гьабуна фронталде ине. Г1иц1го 1941 сонал 1 сентабралда ах1ана гьев Ват1ан ц1унулезу кьеразулъе.
Рагъулаб комиссариаталъ гьесул лебаллъи ва раг1ул бег1ерлъи х1исабалдеги босун гьев вит1анан Мах1ачхъалаялъул рагъулаб училищалде ва гьеб къокъ гьабураб программалда бергьенлъиялдаги лъуг1изабун гьит1инав лейтенантасул чингун гьев вит1ана III кьвагьдохъабазул полкалъул пулеметазул роталде, взводалъул командирлъун.
Фашистазул хъамалчаг1аз 1942 соналъ бахъулеб бук1ана Кавказалда кверщел гьабизе. Гьенир ккарал г1асиял рагъазулъ жигараб г1ахьаллъи гьабуна нилъер рокьцояс ва Краснодар край ц1унизе г1оло гьарулел рагъазулъ зах1матго лъукъана. Кисловодскиялда ч1араб заманаялъул 20 абулеб эвакугоспиталалдаса 1942 соналъ жиндирго рукъов вугев вац Г1усманиде гьес гьадин хъвана; «Салам буго киназдего, дун нужеда г1агардаго вуго. Амма рак1 ч1ола тушман кавказалда тезе вук1унгут1иялда. Воре, кагъат хъвай г1емераб хабаргун. Ругъунги сахлъун буго. Дир ургъел гьабуге, Лейтенант Жабраилов».
Ват1анияб рагъул соназ лъик1аздасан лъик1ал росулел рук1ана ленинияб партиялъул мухъилъе. Гьезул ц1ик1к1арал унел рук1ана т1арамагъадисеб рагъулъе. СССРалъул Обороналъул Министерствалъул архивалдасан авторасухъе щварал баяназда гьадин хъвалеб буго; «Жабраилов Мух1амад Жантемирович 1942 соналдаса ВКП (б)ялъул членлъиялде кандидат. Ват1анияб рагъулъе г1ахьаллъана 1942 сонил марталдаса 1943 сонил 25 ноябралде щвезег1ан» абун. Гьел баяназги нуг1лъи гьабулеб буго фронталда рихьизарурал бах1арчиял ишазе г1оло  Мух1амад мустах1икълъун  вук1ин партиялъул мухъилъе восизе.
1942 сонил ноябралда Жабраилов нахъеги лъукъана  ва вит1ана Саратов областалъул Пугачев шагьаралда бугеб госпиталалде. Гьенисан вацасде гьес хъвалеб буго; «Хирияв вац Г1усман, дица нужее 600 гъурущ г1арац бит1ана. Нужеца дир щибго ургъел гьабуге. Гьалмагъзаби руго ц1акъго лъик1ал. Нижеца Ват1аналъ т1ад къараб масъала т1убазе буго. Нуж гьелда щаклъуге. Нужеца х1укуматалъул т1ад къаял хех т1уразаре, гьеб уна фронталъе кумекаялъе» - ян.
Сахлъун хадув Мух1амад ккана Краснодаралда ч1араб 279 кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1005 кьвагьдохъабазул полкалде ротаялъул командирлъун. Гьеб ротагун таманалго рагъулал нухал нахъа тана лейтенант жабраиловас. Гьесул ахираб кагъат бач1ана 1943 сонил 23 сентябралда. Гьеб бук1ана Украина эркен гьабиялъе г1оло г1асиял рагъал гьарулеб сонлъун. Гьеб сонил 25 ноябралда Мух1амадил ротаялъе буюрухъ кьуна Запорожье областалъул Б-Белозеры районалъул, Б-Белозеры росо тушманасдаса эркен гьабизе. Гьеб росдае г1оло гьабулеб рагъулъ ч1вана ротаялъул командир Мух1амад Жабраг1илов. Амма рагъухъабаца тушманасдаса къисас босана ва гьев вукъун вуго Б-Белозеры росдал вацлъиялъул хабалъ.
Гьеб росдал зах1матчаг1азда лъалеб бук1инч1о жидер росо эркен гьабиялъе г1оло багъараб ротаялъул командир Дагъистаналдаса маг1арулав вацлъиялъул хабалъ вукъун вук1ин.
Запорожье областалъул Каменско-Днепровский цолъизабураб рагъулаб комиссариаталъ Б-Белозералъул росдал Советалъул исполкомалъул председателасул ц1аралда гьадин хъвалеб буго: «Гьарула социалистическияб Ват1ан ц1униялъе г1оло рух1къурав 279 кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1005 кьвагьдохъабазул полкалъул ротаялъул командир Жабраг1илов Мух1амад Жантемирович рак1алде щвезави кидагояблъун гьабеян. Лейтенант Жабраг1илов Мух1амад Жантемировичасул ц1ар босе Б-Белозерка росдал паркалдаса бугеб вацлъиялъул хабалъ рукъаразул списокалде гьркьобе абун.
Гьедин, Украиналъул ракь эркен гьабулаго жиндирго г1умру кьуна Алмахъ росулъа г1олилав Мух1амад Жабраг1иловас. Инна сонал, г1асраби, амма к1оченаро инсанияталда советияв рагъухъабазул бах1арчиял ишал.
Гьанже гьезул бах1арчиял ишазул ирсилаллъун  лъугьарал нилъер г1олохъабаз рак1бац1адаб хъулухъ гьабулеб буго Ват1аналъул бат1и-бат1иял бук1назда, гьез бах1арчилъи ва бихьинчилъи бихьизабулеб буго  Афгъанистаналда интернационалияб  борч т1убазабиялдаги. Гьезул гьайбатал ишазе мустах1икъаллъун рук1ине ккола районалъул г1олилал.
А.Абакаров, СССРалъул журналистазул Союзалъул член. Г.»Коммунист» 07.03.87 г.

Г1АХЬАЛЛЪАНА  КИНАЛГО  МИЛЛАТАЛ
стр. 24.
Калининаулалдаса Л. Магьдиханов Ват1ан ц1унизе ах1ана 1942 соналъул январалда. Байбихьудаго гьев ккана интернационалияб гьудуллъиялъул рагъухъабигун цадахъ. Гьев тушманасде данде вагъулеб 370 абилеб кьвагьдохъабазул бригадаялда цоцахъе къуват кьун къеркьолел рук1ана г1урусалги, аваралги, чачаналги цогилал миллатазул г1адамалги.
Гьеб соналдаго Лала г1ахьаллъана Керчь эркен гьабиялъе т1орит1улел рагъазулъе. Гьенив т1оцебесеб нухалда лъукъана. Рагъулаб госпиталалда сах гьавун хадув, ц1идасан Тиблисалда ругьунги гьавун, гьев ккана Калининград областалде. Гьениб бук1араб щулалъи кквезе ккана лъабго моц1алъ. Л. Магьдихановас ва гьалмагъзабаз щулалъи кквеялде т1адеги тушман живго рук1алидаса нахъе гъуна. Хадур гьел ккана тушманасул горсвериялде ва гьенибги рагъухъабаз, горсвери т1езабун, нух бахъана.
Калининградалъул сверухълъиялда Лала нахъеги лъукъана. Гьаб нухалда нилъер ракьцояв гъежалда щвараб ругъуналъ кидагоялъе сакъатавлъун гьавуна. Т1ад вуссуна гьев рагъдаса к1иабилеб группаялъул инвалидлъун. Гьелдаса хадуб ана к1икъогоялдаса ц1ик1к1араб сон. Рагъул ветеран жакъаги нилъгун вуго.
           С. Мух1амадов. Г. «Коммнист» 09.05.1988 г.

ЖАКЪАГИ  НИЛЪГУН.
стр. 26.
Рак1алдаса унарел лъугьабахъиназдалъун бечедаб буго Ленинаул росулъа партиялъул, рагъул ва зах1маталъул ветеран Г1. Гъазиевасул г1умруялъул нух. 13 сон т1убарав чиясда т1аде ккана бесдаллъуда хут1араб хъизаналъул т1алаб. 14 сон байдал вищана Алмахъалда т1оцебе г1ц1араб комсомолалъул ячейкаялъул секретарьлъун. 15 сон бук1ана 1930 соналъ 25 октябралъул ц1аралда бугеб колхозалъул х1исабчиясул иш т1ад  базабураб заманалда. 1932 соналъ восана КПССалъул членлъиялде кандидатлъун. Гьебго соналъ т1уразаруна колхозалъул председателасул, бухгалтерасул ва кассирасул хъулухъал.
1934 соналъул ихдал колхозал г1уц1иялде дандеч1араз Г1умарасхабида нахъесан туманк1 реч1ч1ана. Бохалда лъураб ругъун сахлъун хадув х1алт1ана учительлъун. Амма 1934 соналъ х1инкъи ккана колхоз биххиялда ва партиялъул райкомалъул бюроялъул х1укмуялдалъун Гъазиев нахъеги колхозалъул председательлъун т1амуна.
1939 соналъ Г1умарасхабил г1умруялъулъ ккараб к1удияб лъугьа-бахъинлъун бук1ана партиялъул членлъун воси ва колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун вищи.
Гьеб хъулухъалда вук1ана К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьизег1ан. Алмахъалдаса г1олилалго г1адин Гъазиев 1942 соналъул 10 январалда фронталде ана. Жиндирго рагъулаб нух байбихьараб бак1лъун гьес рик1к1уна  Москваялъул сверухълъи. Пехотаялъул полкалъул хасаб разведчиказул ротаялъул х1исабалда вагъулаго г1ахьаллъана Москва, Смоленск, Брянск областал немцаздаса эркен гьариялъулъ. 1943 соналъул августалда Курскалъул дугаялда т1орит1арал рагъазулъ зах1матго лъукъана ва лъабго моц1алъ госпиталалда сах гьавун хадув, г1агараб росулъе т1ад вуссана.
1944 соналъ къисматалъ Г1умарасхаб Ленинаулалде вачана. Байбихьана халкъияб маг1ишат цебет1езабиялда х1алт1изе. Г1емерал соназ х1алт1ана Ленинаулалда, Буртунаялда колхозазул парторганизациязул секретарьлъун, партиялъул райкомалъул пропагандистлъун, рохьил маг1ишаталда. К1иго нухалда мустах1икълъана ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул, РСФСРалъул «Знание» обществоялъул ва ВЛКСМалъул обкомалъул Х1урматалъул грамотабазе.
1974 соналъ «Гьудуллъи» колхозалда бухгалтерлъун х1алт1улаго. Гъазиев мустах1ихъаб х1алхьиялде анна. Жакъаги гьев нилъгун вуго. Росдал г1олилазе, ц1алдохъабазе Г1умарасхаб ккола х1урматияв гьоболлъун.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 43 сон т1убалеб къо к1одо гьабулаго 1 даражаялъул Ват1анияб рагъул орденалъ, 11 медалалъ керенги гвангъизабун, Г1умарасхаб нахъеги дандч1валев вуго росуцоялгун. Гьезие бицине жо ветеранасул г1емераб Буг
И. Мух1амадов, Нижер хасав мухбир. Г. «Коммунист» 04.08.1987 с.

ДОЛ  РАГЪУЛАЛ  СОНАЗ
стр. 30.
К1удияб Ват1анияб рагъул соназ Бергьенлъи г1агар гьабулезул кьеразулъ мустах1ихъаб бак1 ккуна фронталда ярагъгун тушманасде данде рагъарал гурониги, тылалда багьадураб зах1маталъулаб бут1а лъуразги. Гьединазе кьуна Ват1аналъул шапакъатал орденал ва медалал, аза-азарал лъугьана пачалихъалъулал бат1и-бат1иял даражабазул премиябизул лауреталлъун. Гьаниб бицен гьабулеб шапакъатазул цояблъун кколеб Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Х1урматалъул Грамота кьурал нилъер районалъул зах1матчаг1азул.
Рагъул соназ гьединал Грамотаби кьеялъе республикаялъул Верховный Советалъул президиумалъ бахъун буго 152 Указ. Гьездасан 10 Указалда рехсон руго районалдаса росдал маг1ишаталъул церехъаби, халкъияб лъай кьеялъул ва сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъаби, районалъул идарабазул нухмалъулел. Т1оцебесеб нухалда гьел рехсон руго 1942 сонил 18 февралалда бахъараб Указалда. Гьеб Указалда рекъон 13 церехъабазе кьун руго Х1урматалъул грамотаби. Жакъа К1удияб Бергьенлъиялъул юбилеялда цересел къояз бах1арзал мустах1икъал руго ц1ар-ц1ар ккун рехсеялъе: Абакаров Г1абдулат1ип – райисполкомалъул нухазул отделалъул заведующий, Гуниялдаса Г1амиров Х1абиб, Мажидов Абдурах1ман ва Разакъов Х1ажи, Буртунаялдаса Х1ажиева Чубайзат, Х1айбулаев Гъазих1ма  ва Муслимов Умагьан. Алмахъалдаса Х1ажимурадов Жамалх1ажи ва Гъайирбегов Чочо, Дилималдаса Шахбанов Хайрудин, Гертмаялдаса  Эмечов Мух1амад, ВКП (б) ялъул райкомалъул секретарь Байсунгъуров Х1ажи ва фельдшер Эртуганова Зоя.
Бицен гьабуралго г1адин оборонаялъул объектазда багьадураб зах1мат бихьизабурал микьго чиясе гьединабго шапакъат кьуна 1942 сонил декабралда. Гьезда гьоркьор руго   Абакаров Г1абдулат1ип  ротаялъул командир, Бушманов И.П. – инженер, Исламов Тажудин ва Г1умаров Мух1амадхан – Ц1обокь росолъа колхозчаг1и, Мух1мадов Г1абдулмажид ва Жамиев Сайгидбат1ал – колхозчаг1и, Утарбиев Ибрагьим – «Маг1арул большевик» газеталъул мухбир.
Гьебго сонил 19 декабралда къабул гьабураб Указалдалъун Ват1ан ц1униялъул хасаб т1адкъай т1убаялъе г1оло НКВДалъул райотделалъул истребительнияб отрядалъул взводалъул командирасул кумекчи Къурбаналиев саг1идие кьуна Х1урматалъулаб грамота. Республикаялда гьединаб шапакъат кьуна жегиги 20 рагъухъанасе.
Дагъистаналъул зах1матчаг1азда гьоркьоб партиялъулаб раг1ул устарзабилъун жалго рихьизаруна лъай кьеялъул ва сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабаз. Гьезул зах1мат к1одо гьабуна 1942 сонил 28 декабралда ва 1943 сонил 8 январалда рахъарал ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указалдалъун. К1иябго нухалда шапакъатал кьуна Хубар росдал школалъул учитель Х1ажиев Х1ажи Х1ажиевичасе ва районалъул заведующий Нуцалов Камильбег Х1осеновичасе. К1иабилесе гьединабго шапакъат лъабабилеб нухалдаги щвана 1944 сонил 19 августалда. Х1урматалъулаб грамотаби щвана районалъул сахлъи ц1униялъул отделалъул заведующий  Торяник Тимофей Дмитриевичасе ва акушерка Черепанова Екатерина Кирилловналъе.
1945 сонил 2 февралалда къабул гьабураб ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул указалдалъун нилъер районалъул 5 гьалмагъасе  кьун буго «Октябралъул революция» канал ц1и гьабун къач1аялъул щварал т1адег1анал х1асилазе г1оло х1урматалъул грамотаби, районалъул уполномоченный Абакаров М-сайидие. Ц1обокь росолъа Х1асанов аПат1иматие, Мажидов Х1ажие, Г1умаханова Шамайие ва Гъозтаялдаса Дарбишев Х1абибие.
Макьу тараб, х1алхьи гьеч1еб х1алт1и гьабун росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабаз. Гьезул зах1маталъул гьунар к1одо гьабуна 1944 сонил 24 апрелалда  ва ноябралда ва 1945 сонил 3 январалда рахъарал Указаздалъун. Республикаялъул шапакъатал кьуна Сталинил ц1аралда бугеб колхозалъул доярка Гюльназар Камаловалъе, Гуни росдал Советалъул председатель Мух1у Г1абасовасе ва гьебго росдал колхозалъул председатель Шуг1айп Х1асановасе, колхозалъул парторганизациялъул секретарь Аба Ханбутаевалъе, Кировасул ц1аралда бугеб колхозалъул председатель Юсуп Ибрагьимовасе, колхозалъул парторганизациялъул секретарь Саг1ид Атабаевасе ва гьебго колхозалъул КТФлъул заведующий Умарх1ат Таймазовасе, «111 Интернационал» колхозалъул председатель Абдулмуслим Исмаг1иловасе, Ворошиловасул ц1аралда бугеб колхозалъул председатель Нурх1амза Г1умархановасе, ва гьебго колхозалъул к1удияв вехь Х1айбула Ибрагьимовасе, «1905 сонил революция» колхозалъул доярка Х1алимат Атаевалъе, районалъул ветврач Крятенко Яков Яковлевичасе.
Нилъер республикаялъул тарихалда ч1ух1араб гьумерлъун лъугьана Октябралъул революциялъул ц1аралда бугеб канал баялъулаб зах1мат. Гьеб баялъулъ бихьизабураб зах1маталъул гьунаралъе г1оло улкаялдаго т1оцебе нилъер республика мустах1икълъана Зах1маталъул Баг1араб Байрахъ орденалъе. Рагъул заманалда каналалъе т1убанго хъулухъ гьабизе  рес бук1инч1о. 1944 соналда Дагъистаналъул зах1матчаг1аз канал ц1и гьабун къач1ана.
Гьединал руго Ват1аналъул  къисматалъул суал гьоркьоб лъурал дол соназ районалъул зах1матчаг1азул зах1маталъул бергьенлъаби к1одо гьариялъул цо-цо баянал.
М. Дадаев,Нижер мухбир. Г. «Коммунист». 01.01.1985 с. М.Д. Дадаев.

ВЕТЕРАН  НИЛЪГУН ВУГО.
стр. 33.
1941-1945 соназда К1удияб Ват1анияб рагъалъ къварилъи ккезабич1еб рукъ къанаг1атги батиларо. Хьолбохъан инч1о гьеб Калининаул росолъа М. Камучовасул хъизаналдаги. 1940 соналъул октябралда ах1ана Мух1амирза Баг1араб Армиялде ва т1оцеве ккана Дальны1 Востокалде Япониялъул г1орхъода бугеб Лазо абулеб маххул нухлул станциялда ч1араб кьвагьдохъабазул 116 полкалде хъулухъ гьабизе. Гьенир гьесул гьудулзабилъун рук1ана районцоял А. Эмеев, З. Къадиев ва цогидалги.
Ват1анияб рагъ байбихьарабго гьезул кьвагьдохъабазул полк рехана Москва ц1унизе. Тахшар, Староруссия ва гьезда сверухъ ругел бак1азе г1оло унел рук1ана рагъал ва гьениб т1убанго х1албихьана Мух1амамирзал бах1арчилъиялъул, амма маг1арулас бет1ер къулич1о. Москваялдаса Калининалдехун унеб рагъалда карал рагъазулъ тушманас танкал риччалел рук1ана щулалъи ккун ч1арал нилъер рагъухъабаде т1аде, амма гьенибги фашистазда ва гьезул техникаялда хвел батана.
Замана иналде гьел рагъазулъ М-м. Камучов зах1матго лъукъана ва Ярославлалде госпиталалде вит1ана. Гьениб операция гьабуна ва к1иго моц1алъ госпиталалда вегана. Нахъеги фронталде т1ад вуссана. Гьаб нухалда 40 дивизиялъул гвардиялъулаб танказулаб 119 полкгун гьев г1ахьаллъизе ккана Крым тушманасдаса эркен гьабиялъе т1орит1улел рагъазулъе. Гьениб к1иябго рахъалъ г1ахьаллъулеб бук1ана ц1ик1араб къадар рагъулаб техникаялъул, рагъухъабаз къеркьей гьабулеб бук1ана ракьалъул щибаб кесекалъе г1оло.
Рагъ байбихьун к1иабилеб соналъул октябралда Мух1амирзаца хисана фронталъулаб мухъ, къеркьезе ккана Сталининград эркен гьабулезул кьеразулъ. Гьенив Балесино абулеб станциялда нахъеги гьев лъукъана, ва гьабнухалда ругъунал кидаго рагъухъабазул кьеразулъа нахъе инавуна. Амма рагъда арал сонал М-м. Камучовасул рук1ана Ват1аналъе, нилъер жакъасеб эркенлъиялъе г1оло кьураллъун, ва рагъалъ гьесулъ тана т1олабго г1умруялъ т1аг1унареб лъак1.
Рагъ ахиралде щвезе г1емераб заман бук1аго комиссовать гьавуна гьев. Амма рагъдаса т1адвуссаралдаса араб 44 соналда Мух1амирза цокъоялъги ч1еч1о т1ат1ала кверал лъун. Колхозалда х1исабчи, к1удияв хъаравул, складалъул заведующий-кинаб х1алт1и т1ад къаниги гьес рак1бац1адго т1убана.
Мух1амирзаца г1емераб х1алт1и гьабулеб буго гьанжесеб г1ел коммунизмалъул рух1алда куцаялъе. Дандч1вала росдал гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабигун, росдал г1олилалгун, гьезие бицуна рагъул кьог1лъиялъул, гьел ах1ула рекъел щула гьабиялъе г1ло къеркьеялде.
Рагъ1л ветеран мустах1икъаб х1ухьбахъиялде аралдаса 17 сон буго. Бук1аниги гьев жакъаги вихьула колхозалъул х1алт1уда. Исана Мух1амирзаца квералъ бецана щуго гектаралдаса хер. Гьеб гурищ г1олилазе мисал?
М. Салатгереев. Г. «Коммунист» 20.10.1987 с.


КРЫМАЛЪЕ  Г1ОЛО.
стр. 34.
Жакъасеб бергьенлъиялъул праздник г1аммаб буго цоцо-цо Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азе гуребги, т1олабго советияб халкъалъеги, щай гурелъул гьеб кколелъул т1олгохалкъалъулаб праздниклъун.
Рагъ байбихьараб 1941 соналъ районалъул цогидал г1олохъабазда цадахъ дунги ах1ана Ват1ан ц1унизе. Грузия ССРалъул Батуми шагьаралда ниж ругьун гьаруна рагъулал ишазе.
Т1оцебе нижер полкалъ г1ахьаллъи гьабуна Крымалъул бащадаб ч1инк1иллъиялъул югалъулаб бут1а эркен гьабулеб рагъулъ. Тушманасул гьужумалги къезарун нижеца Крым эркен гьабуна ва гьел рагъазулъ дун зах1матго лъукъана.
Гьел г1асиял рагъазулъ г1емер-миллатазул рагъухъабаз бихьизабуна партиялда сверун гъунки, бах1арчилъи ва бихьинчилъи. Чанги рагъулав гьудуласдаса ват1алъана дун фронталда вук1арал моц1аз, чангияз хвасарана дун гьенив.
Ват1аналъ к1удияб къимат гьабулеб буго нижер. К1иабилеб группаялъул инвалид х1исабалда дие ч1езарун руго г1умру гьабиялъе киналго ресал ва гьездаса дун разиго вуго. Х1алхьиялда ругониги нижеца к1вар кьола г1олеб г1ел Ват1ан бокьулеллъун куцазе, гьезие бицуна эбелаб Ват1ан ц1унулаго гьабураб х1алт1ул. Инна сонал, амма инсанияталда кидаго к1оченаро советияб халкъалъулаб бах1арчилъи.
М-Х1. Дагуев, Ленинаул росо. Г. «Коммунист». 09.05.1986 с.


ЗАНКИЕВАЛ,  РЕКЬАРУХЪАБИ  ВА  СОЛДАТАЛ
стр. 52.
Г1агараб, жив вижараб ва г1ураб росдае, хирияб ват1аналъе х1инкъи ккараб мехалда бихьинчияс ярагъ борчуна, векьарухъан рагъухъанлъун вахъуна. Советияб власталъул тушбабазде данде къеркьезе кодобе туманк1 босана Алмахъалдаса г1адатияв векьарухъан Занки Байбулатовас. Классиял тушбабазул квердасан гьев хвана 1934 соналъул 25 июлалда. Бесдаллъана 6 вас ва цо яс.
Жал г1езарураб, инсулаб т1алаб гьабураб Ват1аналде т1аде фашистазулаб Германия к1анц1араб мехалда рагъухъабилъун рахъана Занкил вассал Мух1амад ва Маккашарип.
Маккашарипие рагъ байбихьана гьелъул т1оцебесеб къоялъго, Белоруссиялъул Лида шагьаралда. Хвел къабул гьабуна тушманасда мугъ бихьизабич1ого. Гьесул бук1ана 19 сон.
1941 соналъул марталда жиндиего бокьун рагъде анна Занкил 18 т1убарав хадусев вас Мух1амад. Гьев вахъана лъик1ав рагъухъанлъун – пулеметчиклъун. Рагъулаб нух байбихьана Сталининградалдасан. Ругънал лъуна бот1рода, бохалда, квералда. Госпиталалда вегана нахъеги фронталде т1ад вуссана. Рагъалгун щвана Днепралде, г1ахьаллъана Днепропетровск эркен гьабиялъулъ.
Вацаз нахъе ц1унун руго Мух1мадица фронталдаса рач1арал заманалъул мугьру ч1варал кагътал. Гьел лъугьун руго Ват1аналъе г1олорух1кьурал солдатазе  к1очен гьеч1еб рак1алдещвейлъун. 
Йохъ, солдатасул кагътазда гьеч1о «Ват1аналъе г1оло, рух1алда барахщиларо, сангарлъуг ч1ела» абурал ва гьезда релъарал ч1ах1иял раг1аби. Рагъулел рук1ана х1алт1удаго г1адин г1адатго ва Ват1аналъе г1оло рух1 кьолеб бук1ана ч1ах1иял раг1аби абич1ого, г1датго, бат1айиса бук1ине рес гьеч1еб г1адин.
Мух1амадил кагътал ц1алулеб мехалда бихьула гьес щибаб рагъудалъун рукъор хут1аразул рак1 батизе х1аракат бахъулеб бук1араблъи. Гьесги рух1 кьуна Ват1ан тушманасдаса эркен гьабулаго. Гьесулги бук1ана 19 сон.
Районалда гуребги, Республикаялдаги машгьураб буго росдал «Гьудуллъи» колхозалдаса механизаторал вацал – Занкиевазул хъизан. Баг1арав партизан Занки Байбулатовусул васаз, гьезулги васаз умумузул гьайбатаб мисалалде г1уц1улеб буго гьайбатаб бук1инисеб. Занкил ц1ар лъурав гьесул гьит1инав вас г1емерал соназ маг1ишаталъул бет1ерав инженерлъун х1алт1улев вуго. Занкиевазул хъизабазда руго механизаторал Мух1амад, Маккашарип.
Рагъда т1аг1ана вацал Занкиевазул вацг1ал Хъазахъмирза Хъазахъмирзаев. «Гьудуллъи» колхозалда х1алт1улев вуго гьесул ц1ар лъурав вас, г1олохъанав механизатор Хъазахъмирза Занкиев. Чанго соналъ цебе «Советияб Дагъистан» журналалда бахъараб журналистика Л. Смироновалъул очеркалда руго гьадинал мухъал:
Сельсоветалъул газик гьоко нахъа бараб тракторалда хадуб гъана. Гьелъул кабинаялда ращалъараб мехалда советалъул председатель Г1абдулхан Мусичевас «Ч1а» - Ян ах1ана. Тракторалъул рулалда нахъа г1одов ч1ун вук1ана … щуабилеб классалъул ц1алдохъан, анц1ила к1иго сон барав Хъазахъмирза Занкиев. Гьев кола колхозалъул цевехъанав механизатор Г1али Занкиевасул вас. Васасул эмен гьат1ан къоялъ гъутаналде ун вуго боц1и гьекъезе  бак1 гьабизе. Хъазахъмирзаца абуни жиндирго инсул вац Г1ибадула Занкиевасул нухмалъиялда гъоркь эмен хисун вугоан.
Г1ибадула ккола ДАССРалъул мустах1икъав механизатор, гьесие щвана «Х1урматалъул г1аламат» орден, цойги г1емерал шапакъатал, гьев ккола ВДНХялъул г1ахьалчи. Г1абдулхан цо божиго гьеч1ого валагьана гьит1инав трактористасухъ. Гьевин абуни нижер саламалъе жавабги кьун, г1одове виччан тракторги бачун г1ачиязде хер балелъуве ана.
Гьал Занкиевазул лъимал цин механизатораллъун рук1ине ругилан ккола, - Ян абуна Советалъул председателас. Умумузул ирсалъе рит1ухълъи ц1унулеб буго г1олеб г1елалъги. Хъазахъмирзаца интернационалияб налъи т1убазабуна Афганистаналда ругел советиял аскаразул дагьабго къукъаялда гъорлъ.
Гьединал, гьайбатал, т1олго росоцоял ч1ух1изе бегьулел ишал руго Ват1аналде т1аде къо ккараб, кьварарал рагъул  соназ тушмангун бах1арчияб къаг1идаялда рагъарал Занкиевасул ишал.
Г1. Г1умарасх1абов. Журналист. Г. «Коммунист», 4 гь. 02.02.1985 с.

Т1ОЦЕРЕСЕЛ  КЪОЯЗДАСАН  БАЙБИХЬУН.
стр. 53.
Баг1араб Армиялде ах1арав Калининаул росолъа Хайрудин Мирзахановасда лъалеб бук1инч1о 1418 сордо-къоялъул рагъулаб нух жинца нахъатеязе бук1иналъул х1акъалъулъ. Гьесул рагъулаб билеталда  гьадин хъван буго: «К1удияв Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна 1941 июналдаса 1945 соналъул маялдещвезег1ан» абун.
Рагъул т1оцересел къояздасан байбихьун 1942 соналъул ахиралде щвезег1ан гьес г1ахьаллъи гьабуна К1удияб Октябралъул революциялъул кинилъун кколеб, Владимир Ильич Ленинил ц1ар лъураб шагьаралъе г1оло гьарурал ц1об гьеч1ел рагъазулъе. Нилъер рокьцояс х1инкъи гьеч1олъи ва тушманасдаса къуркьунгут1и бихьизабуна Ленинградалъе г1оло гьарурал рагъазда. Гьенив лъукъарав гьев реххула Свердловскиялъул эвакогоспиталалде, сах гьавун хадусан вит1ула Сталининградалъул фронталде. 2-3 къо хут1ун бук1ана фельдмаршал Паулюсица бет1ерлъи гьабулеб «къей гьеч1еб» фашистазул 6 абилеб армиялъухъ гитлерилаб Германиялъ ч1ег1ер базе Хайрудин к1иабилеб нухалъги лъукъун, Энгельс шагьаралда бугеб госпиталалде ккезе.
Рагъда щварал ругъналги сах гьарун, рагъулаб къисматалъ гьев ц1идасан вачун немцазул жанавараздаса Украина эркен гьабулел рагъазулъе.
Тушманас бигьаго кьолеб бук1инч1о нилъер щивасе хирияб Ват1аналъул ракьул щибаб цедер, амма щвезабулеб гучаб къабиялъ гьесда бихьулеб бук1ана жидеца г1ададисеб рагъ гьабулеб бук1ин. Украиналъул Кременчуг шагьаралъе г1оло гьарулел рагъазулъ ц1идасан лъукъана Хайрудин.
Госпиталалда сах гьавун хадусан гьев г1ахьаллъана Молдавия, Румыния, Венгрия эркен гьабиялда. Венгриялъул тахшагьар Будапешт шагьар эркен гьариялъе карал ц1об гьеч1ел рагъазда лъуг1ана к1удияв сержант Х. Мирзахановасул рагъулаб нух. Ахирисеб рагъда щварал ругънал сах гьаризе гьев ункъо  моц1алъ вегана госпиталалда.
Ват1аналъе гьабураб рак1бац1адаб хъулухъалъе г1оло  Х. Мирзахановасе кьун руго «Багьадурлъиялъе г1оло», «К1удияб Ват1анияб рагъул къого сон т1убай», «Советиял яргъилал Къуватазул 50 ва 60 сон» т1убаялъул медалал ва цогидалги шапакъатал.
Гьединаб буго Х. Мирзахановасул рагъулаб нух.
Г. «Коммунист», 09.05.1985 с.

ВАТ1АНАЛДЕ  КЪО ККЕДАЛ
стр. 59.
Унеб бук1ана Дунялалъулго к1иабилеб рагъ. Гьеб бук1ана нилъер Ват1аналъе бищунго зах1матаб, политикаябгун, экономикаялъулаб щулалъи г1ураб къадаралда бук1инч1еб заман. Г1олеб бук1инч1о ярагъ, рагъулаб техника, солдатазул рагъулаб къуватги. Гьединаб зах1матаб гьоркьоблъи бук1аниги 1942 соналда чанго республикаялда ч1езабуна рагъулаб хъулухъалде ах1и фронталде рит1и. Гьеб ч1езе гьабуна Дагъистаналдаги.
Рагъал щун рук1ана нилъер республикаялъул бакът1ерхьул рахъалде. Тушманасул самолетаз бомбаби рехулел рук1ана Грозныялде, Герзелалдецин, ч1ег1ерал нак1к1ал т1аде ц1улел рук1ана нилъер шагьараздеги. Гьединаб къварилъи ккараб мехалда Дагъистаналдаса Баг1араб Армиялде г1олилал ах1унгурт1иялъул  х1акъикъияб г1илла бич1ч1ана республикаялъул х1укуматазул бут1рузда ва гьелъул заманалда кколел х1асилал гьаруна. Бокьич1о гьезие  ч1ух1араб, бах1арчияб муг1рузул халкъалда, гьелъул г1олохъабазда ч1ег1ераб т1анк1 лъезе ва  гьелъ ахиралда лъик1алде рачине рук1инч1о.
Дагъистаналъул совминалъул председатель Г1. Данияловас  гьеб суал хехго кколеб бак1алда  дандбана ва гьеб саг1ат ВКП (б) – ялъде цебе суал лъуна Дагъистаналъул халкъ Ват1аналде къо ккараб мехалда  нахъе къаларин. Дагъистаналда гьеб къо … забизе бегьуларин. Гьеб бук1ана доб мехалда бищунго бит1араб пикру ва х1укму.
Г1. Данияловас Москваялде гьарурал сапараздаса хадуб ихтияр кьуна Дагъистаналдаса жалго бокьун унезул къадар 30 азарго чиясде бахунеб бугони,  Дагъистаниязул отрядал г1уц1ц1ине. Амма цадахъго 30 азарго чи армиялде вит1и бук1ана ц1акъго зах1матаб суал. Шаян абуни 1939 соналдасан рагъулаб хъулухъалде ах1ун нилъер республикаялдаса г1олилал лъуг1ун рук1индал. Гъоркь хут1ун рук1ана бат1и-бат1иял г1иллабазе г1оло тарал жеги балухълъиялде рахинч1ел г1олилалги. Гьедин бугониги Дагъистаналъул халкъалда ч1ег1ераб т1анк1 лъезе толарин гьеб суал унго-унгояб х1алалда кодобе босана Совминасул председателас.
Г1. Даниялов иргадулаб нухалда Москваялдаса т1адвуссун хадуб гьес гьеб х1алт1и кодобе босана ва республикаялъул х1укуматалъ Дагъистаналъул халкъазде, гьел Ват1ан ц1унизе жалго бокьун инее ах1араб чанго хит1аб гьабуна. Гьезул цоялда абулеб бук1ана «Кодобе ярагъ босизе к1олев щивав чи Ват1ан ва Дагъистан ц1унизе рахъине кколин». Гьебго заманалда г1емераб бич1ч1и кьеялъулаб х1алт1и гьабуна районазул нухмалъи гьабулезда гьоркьобги.
Ургъун гьабураб х1алт1иялъ лъик1аб х1асилги кьуна. 1943 соналъул авалалда байбихьана жалго бокьун фронталде инее бокьаразул сиях1ал г1уц1ине . Гьел ах1изе жаваблъун рахъана Дагъистаналъул киналго миллатазул халкъал. Армиялде ах1еян, фронталде рит1еян арзаби хъвана г1иссинаб г1елалъ, бат1и-бат1иял г1иллабазе г1оло инч1ого хут1араз, х1атта руччабазцин.
Республикаялъул х1укуматалъул ах1и нилъер районалъул г1адамаз разилъиялда къабул гьабуна ва фронталде инее арзаби кьуразул къадар 600 чиясде г1агарана. Гьезда гьоркьор г1емер рук1ана армиялде ах1улеб заман т1асан аралги, сакъаталги, к1удияб руччабазулги. Дида жакъаги рак1алда руго эмен, вац, вас – вокьулев хваралъур хвелин, жалги рагъде рит1еян арзаби кьун хъвай-хъваг1ай гьабурал руччабазул ц1арал. Гьел ккола: Х1амзатханова Бабако, Х1асанова Таибат, жиндир мунагьал чурун ятай, гьанже нилъгун гьеч1ей Гъамиева Заби ва г1емерал цогидалги. Хадуб руччаби рит1изе наряд бач1инич1ого хут1ана гьел, амма гьез т1алаб гьабулеб бук1ана  жал фронталде рит1еян.
1943 соналъул марталда районалдаса жалго бокьун Ват1ан ц1унизе унел нухда рег1ана. Гьедин марталъул 23 – 24 къояз лъебералда щуазаргоялде г1агарун Дагъистанияс рик1к1адаб сапар бухьана. Гьезул эшелоназ Дербенталдаса Хасавюрталде щвезег1ан маххул нух ккун бук1анин абуларин. Гьеб къоялъ къват1ире лъугьана районалдаса т1оцебесеб партия 153 чи. Гьезда цадахъ вук1ана гьаб макъанаялъул авторги.
Районалдаса фронталде унезе гьабуна лъик1аб нух бит1и. Щибаб росулъ г1уц1ана унелазулгун дандч1ваял, х1адурарана нухалде сайгъатал, гьабуна сух1мат – кеп, г1емерал раг1аби абуна нух бит1иялъе. Къокъго абуни рух1ияб ва намусалъул рахъалъ гьел ах1ана Эбелаб Ват1аналъе,  халкъалъе г1оло рух1алда барахшинч1ого къеркьеялде. Республикаялъул х1укуматалъ, ах1и бач1****и гьеб ах1иялъе жаваблъун киналго абухъе цере рахъинч1елани Дагъистаналъул халкъалъулги  мадугьалихъ рук1арал Чачаназул, Нугъаязул ва цогидалги халкъазул г1адаб къисмат ккезе нилъер Дагъистаналъул г1исинал миллатазул халкъал чайдулъ чакар г1адин т1аг1ун инее бегьулаан.
Т1оцере ниж щвезаруна Грузиялде, гьенир Дагъистанияз ц1уе рук1ана Хашури, Сурами, Авчали, Гори ва цогидалги шагьарал. Гьениб нижеда лъазабуна х1ажалъулел командирзабиги нужеда гьоркьосан х1адур гьаризе кколин къокъаб заманаялда. Сурами шагьаралда рагъана полковияб школа. Гьениб Манглес абулеб бак1алда бугоан рагъ байбихьараб заманалдаго гьенибе гочинабураб Мах1ачхъалаялъул ц1аралда бугеб лъелазул училище.  Гьенир ц1алана районалъул чанго чи 10 моц1алъ гьенив ц1алун ругьунлъун, гьит1инав лейтенантасул чиналда фронталде анна дунги.
Гьеб шагьаралда ц1алулеб мехалда нижехъе гьоболлъухъ бач1ана Дагъистаналъул пачалихъалъулаб делегация. Гьелъие бет1ерлъи гьабулеб буго Дагъистаналъул Верховный Советалъул председатель Тахтаровас. Делегация щвана Дагъистаниял рук1араб щибаб шагьаралде, гьаруна гара-ч1вариял кьуна концертал, фронталде унезде абуна нухбит1иялъул раг1аби, Делегацияги ч1обого бач1араб гьеч1оан. Гьелъ цадахъ бач1ун бугоан чанго вагон посылкабазул, бат1и-бат1иял сайгъатазул. Посылкабазда жанирги рук1ана хинаб гъуркьан рет1ел, квербалал, чурапал, тамахьо балел кисаял, тамахьо ва г1емерал цогидал кванагьекъолел жалги.
Кват1ич1ого ана фронталде. Жалго бокьун рач1арал рук1иналъ нижеде божилъи гьабулаан зах1матал бак1азде инее ва ниж кидаго рит1ухъаллъунги рук1унаан. Рагъал рук1ана кьоабилеб г1асруялда лъугьинч1елг1ан г1ассиял. Гьениб нижеда к1вана сих1ирав тушман къинавизе. Амма ч1ах1иял камиял ккезаруна нилъееги. Жалго бокьун Фронталде аразул 33 чи гурони т1адруссинч1о. Гьезулги хут1ун руго 17 ял. Гьезул ругеб бак1 баян гьабуни: Патах1ов Мух1амад ва дун (Дилим), Мусавузов Зикрула, Тимярукъаев Муса, Закарьяев Зайнудин (Ленинаул), Чичилбиев Исх1акъ (Калининаул), Нугъаев Ибрагьим, Абут1алибов Мух1амад (Гуни), Г1алиев Зирар, Х1асанов Х1ажи (Буртунай),  Дадаев Мух1амад (Хубар), Г1абдуразакъов Садикъ (Инчха), Айдемиров Х1асанбасир, Абакаров Султансалин ва Хаджаев Х1ажи (Миякьо), Мух1амадов Уба, Шуайпов Мух1амад (Ц1обокь). Цогидал рособалъа г1олохъаби т1ад руссинч1о.
Узухъда рагъалъ нилъер рукъзабахъе бач1инабураб балагь ц1ик1к1араб буго. Амма республикаялъул нухмалъулезул  рик1к1ада лъугьине рес бугебжо лъаялъе эсги г1акълуги г1еч1****и нилъги доб политическияб репрессиялде ва халкъалъе ц1акъго ц1ик1к1арал камиял кколаан. Дагъистаниязда киданиги к1очене бегьуларо Даниялов г1адал гъакъло бугел бут1рул.
Дир кидагосеб бухьен бук1уна доб рик1адаб, амма к1очонареб 1943 соналъул 23 марталда жалго бокьун фронталде Арал ва т1адруссун хадур жакъаялде ч1аго ругезулгун. Аллагьас хъван батани, районалъул администрациялъулгун дандги бан, К1удияб Бергьенлъиялъ 50 сон т1убаялъул байрам т1аде щвезег1анго гьезулгун дандч1вай гьабизе буго. Гьединаб дандч1вай  г1уц1ине гьуинаб хабар-калалъе гьел мустах1икъал ругелъул.
Сардал-къоял цоцаца хисун г1агарлъулеб буго К1удияб Ват1анияб рагъда Советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 50 сон свериялъул гьайбатаб юбилей. Дунялалъул к1иабилеб рагъ лъуг1аралдаса бащдаб г1асру сверана, чанго кьерал хисана халкъазулги. Амма цого-цо нилъеда гурелги, дунялалъулго халкъазда к1очонеб гьеч1о доб кьог1аб кьалул дарс.
Ансарияв Шарапудинов
К1удияб Ват1анияб рагъул к1иабилеб группаялъул
инвалид, запасалда вугев К1удияв лейтенант. Г. «Коммунист». 27.03.1995 г.

ХАЙРУДИН – КЪУРКЬИЧ1ЕЗУЛ  ЦОЯВ.
стр. 63.
Алмахъалъул бац1адаб гьаваялда берцинаб т1абиг1аталда г1урав Хайрудин чорхолъ сахав ц1одорав, сундулго тохал гьабун бажарулев лъугьана. Гьедин батила 1940 соналъул июналда рагъулаб хъулухъалде ах1арав гьев Ленинградскияб областалъул Ловашово шагьаралда бук1араб г1исинал командирзаби х1адурулеб, полковияб школалде ккаравги.
Школа лъуг1ун хадув гьит1инаб командир х1исабалда цогидал рагъухъабигун цадахъ вит1ана Эстониялда г1агарлъудег1ан кколеб цо станциялде. Гьениб кьвагьдохъабазул 82 полкаялда хъулухъ гьабуна. Кват1ич1ого Таллиналде г1агарлъухъе рехана ва гьениб байбихьана хадув лъуг1инег1ан г1ахьаллъи гьабизе ккараб К1дияб Ват1анияб рагъ. Байбихьана гьеб радакье цого заманалда  гьаваялдасан ва ракьалдаса. Самолетаз ралел бомбабаз г1одосан кьвагьулел г1арадабаз бихьулебг1ан бак1 т1убараб ц1аялде сверизабун бук1ана.
Тушманасул къуват ц1ик1к1араб ва тохлъукьего нилъер ракьалде рехараб бук1иналъ заманалъе нилъер рагъухъаби нахъе ц1азе ккана. Нахъе рачаниги ц1акъго г1асиял рагъазулъе г1ахьаллъана. 1942 соналда немцазухъа бажарана Волга г1орухъе рорч1ун, гьез квершел гьабулеб бук1ана Сталининградалдаги. Гьенир ккана тарихалда хасгьарун хъварал кьабиял. Нилъер командованиялда лъана Волга ккун Бакуялдехун, нефть гьарзаяб бак1алде инее тушманасе бокьун бук1ин, Бюрухъ бук1ана нахъе гали лъунгурт1изе.
Хайрудин гъорлъ вугеб рагъул подразделениялъ  щулалъи ккун бук1ана красноармейскияб районалъул территориялда, амма тушманасул рахъалда бугеб ах1вал-х1ал лъалеб бук1инч1о. Взводалъул командирасул заместитель х1исабалда вук1арав гьесухъе хабар бач1ана тушманасул цо «мац1»  (ч1агояв чи) х1ажат вугин. Фронталъул доб рахъалда бугеб х1ал лъазабизе 7 ял рахъана. Гьезда гьоркьов вук1ана нилъер ракь цоявги.
Разведчикал щвана тушманасул г1орхъоде. Х1ажат бук1ана цояв ине. Гьалмагъ командир, дие изну кье доб рахъалде ине  абуна Хайрудиница, амма дос инкар гьабуна. Нахъеги т1алаб гьабуна ва лъабабилеб нухалда виччана. Маххул рог1ороялда гъоркьан лъугьун ана, бугеб куцалъул карта бахъана, цинги нахъ вуссун вач1унаго дагьавго ворхараб куц буго хайрудиниде реч1ч1изе байбихьана ва гьенив зах1матго лъукъана, анлъго бак1алда ругънал щвана. Лъукъаниги гьалмагъзабаз гъоркь теч1ого вачана. Гьеб бак1алдаго гьесухъе щвана тушманасул лъабго рагъухъан, гьезул к1игоял рук1ана немцазул рахъалъан нилъеде данде рагъулел Румыниязул к1иго офицерги. Гьезухъан нилъее щварал къиматал баяназ квербакъи гьабуна гьеб щулалъиялдаса тушман нахъе инавизе.
Х. Мирзахановасул х1ухьбахъи, сах гьавизе ч1араб заман дагьаб, х1алхьей гьеч1еб бук1ана. Ругънал руц1аралго байбихьана рагъде ва бит1ахъе фронталде ккана. Гьеб мехалда тушманас нилъеде мугъ рехун лъутулев вук1ана, амма немцаз жидедаго хадур толел рук1ана рух1арал росаби, шагьаралги, риххарал нухал-къоялги. Гьесда кьабиялги щвезарулаго цоялда хадур цогидал гьарун эркен гьаризе ккана Румыния, Балгария, Югославия ва Венгрия. Гьенир дандч1вана фашистазул дандеч1ейгун. Бук1аниги бахана Дуной г1ор, гьел нахъе хъамуна Будапешт, Печь шагьараздасан ва рагъал рехана Балотон х1оралъул раг1алде. Гьениб нахъеги квег1аб гъеж квеш лъукъана ва гьеб сах гьабизелъун Югославиялде вит1ана.
Солдатасул рагъул нух бечедаб буго рак1алда гьеч1ел лъугьа-бахъиназдалъун Украиналда унел рук1ана Киев эркен гьабиялъе г1оло т1орит1улел рагъал. Гьениб цо бак1алда Хайрудин дандч1вана немцазул унтер-офицергун. Гьаниб квер цебеккана маг1аруласул ва тушман ракьалде щапизавуна. Гьесухъан щвана ц1акъго х1ажатал баянал. Кодоса патронал лъуг1арав гьес гьалмагъасде гьарана гьел кьеян ва дос сахаб диск кьуна ва довехун вахаравго нахъеги к1иго офицер ч1вана. Гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъе ва лебаллъиялъе г1оло Мирзаханов Хайрудин мустах1икълъана «За отвагу» медалалъе. Амма гьенив гьелде рег1арав чи вук1инч1о. Медалалда гьев ватана рагъ лъуг1ун 10 соналдасан, ай 1955 соналда.
Анлъго нухалда лъукъана гьев рагъда. Ахирисел ругънал хьибилалда щвана, Румыния эркен гьабулаго. Гьелдаса хадув гьев вит1ана цин Тбилисалде цинги Харьковалде. Рагъдаса т1ад вуссана гьеб лъуг1араб соналъул июналда.
Ракълияб г1уц1ариялдаги раг1дукь вук1инч1о гьев. Рукъове т1ад вуссаралдаса лъеберго соналъ х1алт1ана магъил хъаравуллъун ва жакъаги общественнияб г1умруялдаса ват1алъун ч1ун гьеч1о.
Х1алт1и ч1алг1унаревлъун, зах1малъаби х1ехьолевлъун, инсанасе кумек бугевлъун ва обществалъе пайдаявлъун гьев гьавуна рагъул кьог1аб нухалъ. Зах1малъаби х1ехьезе ругьун гьавуна гьенив лъадариялъ.
Хъаравуллъиялда араб лъеберго соналдаги Хайрудин цого магъил ургъел гьабун вук1унароан. Гьесул квер ч1ва1 щолаан т1ощалие хъулухъ гьабулезеги, гьеб бак1арулезеги, кумек х1ажатазеги, хурухъабазги, механизаторазги гьесда г1емераб жо дандбалаан.
Хайрудиница тарбия кьун г1езабуна гьайбатаб, зах1матаб бокьулев хъизан. Лъималаздасан цояв Мах1амадх1ажи ккола районалдаго машгьурав механизатор. Гьесги жиндирго махщалида ругьун гьавуна жиндирго васги. Рагъул ва зах1маталъул ветеран Хайрудин Мирзахановасул х1акъалда лъик1аб пикру буго росуцоязул.
Мух1амад Салатгереев,Нижер хасав мухбир.

К1ИГОЯСУЛ  БАК1АЛДА  ВАГЪАНА.
стр. 64.
Г1умруялъул 25 сон т1убалеб, бищунго камилаб г1ужалда фашистаздаса Ват1ан эркен гьабизелъун къеркьолезул кьеразулъе ах1ана Казбек районалъул Алмахъ росулъа  Абакаров Ах1мад. Гьесул рагъулаб нух байбихьана к1иабилеб Белорусиялъул фронталъул 76 армиялъул г1арадачаг1азул гвардиялъулаб дивизиялъул 154 полкалда.
Нижер «Баг1арал лъак1ал ралагьулез» ц1ех-рах гьабулаго баянлъана Абакаров Ах1мад мустах1икълъун вук1ин «Баг1араб ц1ва» орденалъе: амма лъукъараб бак1алдаса сахгьавизелъун вит1иялъ гьесухъе гьеб щун гьеч1о. 1945 соналъул 10 февралалда хъвараб № 16 шапакъат, кьеялъул т1амачалда бихьизабун буго гьеб т1адег1анаб шапакъат кьеялъе ккараб г1илла.
1945 соналъул 25 январалда къог1ал рагъал унел рук1ана Германиялъул Бризен шагьар эркен гьабиялъе. Гарадаялъул расчеталда вук1арав гьев кколаан гьелда снарядал лъолев чилъун. Гьеб мехалда хисизе ккана наводчикги ва живго вагъизе лъугьана. Гьес гьениб т1аг1инабуна тушманасул к1иго пулемет ва 15 солдат. Гьелъул х1асилалда нилъер лъелал солдатазда к1вана г1емераб маизалалда церехун инее.
1945 соналъул 3 февралалда г1арада ч1ун бук1ана Гросс-дай – Конопат росулъ. Гьеб мехалда нилъеразул горсвериялдаса рорч1изелъун гьужумал гьаризе къасд гьабулел рук1арал тушманасул рагъухъаби , чанго нухалда нахъч1вана, гьел рук1ана ц1акъго зах1матал саг1тал. Гьенибги нилъер рокьцояс к1иго рагъухъан хисана. Амма г1арадаялъул снарядал лъуг1араб мехалда маг1арулав нахъе къач1о, автоматалъгун нахъч1вана тушманасул гьужум. Байбихьудасанго т1оцевесев лъабго немцав ракьалде шапизавуна, хут1арал нахъе къана.
Гьел кьог1ал тунка – х1усиязулъ бихьизабураб багьадурлъиялъе г1оло Абакаров Ах1мадие шапакъат кьеялъе 1945 соналъул 8 февралалда хасаб т1амачалда гъулбас гьабуна кьвагьдохъабазул гвардиялъулаб 154 полкаялъул командир, подполковник Меерсоница.
А. Абакаровас рагъазулъ цебеги бихьизабуна бах1арчилъи ва гьелъие г1оло гьев к1одо гьавуна «Багьадурлъиялъе г1оло», «Сталиниград ц1униялъе г1оло» ва цогидал медалаздалъун. Нахъе къайи гьеч1ев Дагъистанияс кивехун вагъизе кканиги  тушманасда кьаби щвезабич1ого тун гьеч1о. Амма лъаларо г1агарлъиялда росу – ракь цоязда гьесул рагъул багьадураб нухалъул х1акъалда киг1анал баянал лалелали. Гьел бечедал руго.
Ц1ех - рехалъул заманалда т1аде раккизе нижеда к1варал яги нижехъе рит1ун рач1арал документазда бихьизабун буго 1916 соналда гьавурав, Казбек районалъул Юртаг1авухъ росулъа рагъде ах1арав Ах1мад Ах1мадович Абакаров кьалул майданалда къаншанин. Нижер «Баг1арал лъак1ал ралагьулезул» къукъаял х1укму гьабуна ц1идасан ц1ех – рех гьабун гьев хвараб ва вукъараб бак1 лъазабизе.
А. Абакаровасул г1агарлъиялда, цадахъ рук1аразда, гьудул гьалмагъзабазда гьарула Ах1мадил х1акъалда лъалелшинал баянал нижехъе хъваян. Ниже лъазе бокьун буго кинал гьунаразе г1оло «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль кьезе гьев вихьизавун вук1аравали. Нужер кумекалъ квербакъи  гьабизе буго церехун рохсарал баянал нижехъе хехго щвеялъе. Гьединлъидал хъвай нижехъе гьаб адресалда:
Хасавюрт шагьар, Пролетаразул къва 1, 117 Педколедж.
Халилулаев Болатхан. « «Чапар» №52. 26.12.1994 с.

РАЙОНАЛЪУЛ  ЗАХ1МАТЧАГ1АЗУЛ  ФРОНТАЛЪЕ  КУМЕК.
стр. 66.
Руччабаз, харабаз, ч1ах1иял лъималаз хисана фронталде Арал жидерго россал, ва къайсал, умумул, колхозазул хурзабахъ ва г1и – боц1ул фермабазда «Фронт ва тыл цо буго», «Кинабго фронталъе», «Жиндиего ва фронталдеарав гьалмагъасе г1оло х1алт1изин» абурал ах1иязда гьоркь гьел жидерго кинабго чорхол къуват кьун къеркьана фронталъе х1ажатабщинаб ч1езабизелъун.
1941 – 1945 соназул К1удияб Ват1анияб рагъулъ «Багьадурлъиялъулаб зах1маталъе г1оло» медалалъе районалдаса мустах1икълъана 2376 чи. Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Грамоталъе мустах1икълъана 42 чи.
Буртунай росдал Ворошиловасул ц1аралда бугеб колхоз бук1ана районалда бищунго цебет1ураб маг1ишатлъун. Гьелъул председатель Г1умаханов Нурх1амза мустах1икълъана «Х1урматалъул г1аламат» орденалъе.
Районалда гьединго машгьураб бук1ана Сталинил ц1аралда бугеб колхоз. Гьелъие хисич1ого бет1ерлъи гьабуна баг1арав партизан, колхозияб г1уц1арухъанлъиялъул жигарав х1аракатчи Саипов Мух1амадица. «Дагъистан тушманасда босизе к1олареб х1алалде сверизабизин» абураб партиялъул обкомалъул ва Совнаркомалъул ах1иялъе жаваб гьабун к1иазаргоялдаса ц1ик1к1арав чи х1алт1ана Терекалда, Шамхалалда, Ч1ик1аб рагъулал щулалъаби гьариялда. Гьезул 677 чи мустах1икълъана «Кавказ ц1униялъе г1оло» медалалъе. Терекалда газа – белалъ канал бухъана 15 – 20 градусалъулаб квач бугеб заманалда, ракьулъ тулиязда жанир регун, т1ад бугеб рет1елалда ц1ер ч1валеб х1алалда. Шамхалалда бакъул унтиялъ унтана г1емерал г1адамал.
«Кинабго – фронталъе», «Киналабго – бергьенлъи босиялъе» ах1иял лъугьана щивав чиясул г1умруялъул нухлъун  ва маг1налъун. Рагъул соназда районалъул зах1матчаг1аз  пачалихъалъул цагърахъе бана: Т1ощел – 2650 тонна, гьан – 2500 тонна, нах – 122 тонна, квас – 440 тонна, картошка – 8500 тонна ва цогидал маг1ишаталъул ниг1матал.
Пачалихъалъул цагърахъе т1ощел щвезабиялъул т1адкъай мурадалде щун т1убазабиялъе г1оло К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орденалъе мустах1икълъана ВКП(б) ялъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1арав Мух1амаев Х1асан, райисполкомалъул председатель Х1ажиев г1абдулкъадир, райуполминзаг шапиев Шамсудин. Обороналъул фондалде районалъул зах1матчаг1аз кьуна 415 азарго гъурущ. «Дагъистаналъул кохозник» танказул колонналъе бак1арана 220 азарго гъурущ, Совет Союзалъул бах1арчи Мух1амад Х1ажиевасул ц1ар лъураб бронепоезд гьабиялъе 350 азарго гъурущ. «Пионер» ц1ар лъураб авоциялъул эскадрилья гьабиялъе школазул ц1алдохъабаз бак1арана 17 азарго гъурущ.
Районалдасан фронталде рит1ана жидеда кванил ниг1матал, квасул чурапал, квердахелал ва цогидабги жаниб лъун нус – нус посылка.
Фронталъул х1ажалъиялъе бак1арана г1арцолал, пахьул, тутидул, езил г1емерал т1аг1елал. Руччабаз жидедаго т1ассаги рахъун кьуна курхъаби, баргъичал, к1илк1ал ва цогидалги меседил ва г1арцол т1аг1елал.
Хубаралдаса 4 фронтовикасул вац Арсанбеков Ибаца обороналъул фондалде кьуна 63710 гъурущ, 23500 гъурущалде хъвана пачалихъалъул заем. Фронтовиказул хъизабазе кумекалъул фондалде гьес гьединго кьуна 426 кг. Ц1оросаролъил, 81 кг. Ролъул ва 16 ц1око – техь.
Механизатор Г1амиров Закарияс обороналъул фондалде кьуна 12 азарго гъурущ, Мух1амадова Жариятица к1иазарго гъурущ, ва 1500 азарго гъурущалде заем хъвана.
Рагъул соназул киналго зах1малъаби х1ехьана ва Фронталъе х1ажатаб щинаб ч1езабиялъе нухмалъи гьабуна колхозазул председателаз, росабазул Советазул председателаз, байбихьул парт г1уц1абазул секретараз: Г1умаханов Нурх1амзаца, Саипов Мух1амадица, Ибрагьимов Юсупица, Эмечов Мух1амадица, Х1ажиев Дерметханица, Атабаев Саг1идица, Ханбутаев Жамалдиница, Халидов Мух1амадица, Султанбеков Мирзаца, Эмендадаев Х1амзатица, Шахбанов Хайрудиница, Г1алибулатова Халисатица, Ханбутаев Г1алибегица, Атабаева Нугъайица, Къасумов Хажияс, Мутуев Батирханица, Гилахъаев Адимирзаца, Г1абдулаева Шаризатица, Батиргереев Х1ажица, Шапиев Г1абдух1акимица, Идрисов Агица, Гъайирбегов Чочоца, Г1умаров Ладуца, Г1адилгереев Мух1амадшарипица, Гъазиев Г1умарасх1абица, Жантемиров Исмаг1илица, Эмеев Саг1идица, Г1исаев Идрисица, ч1ег1еров Къурбанас, Юнусов Мух1амадица, Г1амиралиев Жаватханица, Х1асанов Шуг1айпица, Г1абасов Мах1уца, Х1асанов Убайсица, Ханбутаева Абаца, Ханбутаев Ансарияс, Г1абдулхаликъов Г1абдурах1маница, Сурхаев Х1асанханица, Дациев Мух1амадица, х1усейнова Х1апсатица, Салаев Мух1амадица, Нурах1маев Къадияс, Нурах1маев Х1алиница, Х1ажиев Х1ажица, Г1абдурах1манов Хизрица, Х1азуев Мух1амадица, Раджабов Мух1амадица, Абакаров Абдурах1маница, Х1асанов Г1умарица, Х1асанов Г1алиагъаца, Г1абдурах1манов Г1алимирзаца, Х1осенов Х1адаца, Салманов Х1амитица, Мух1амагъазиев Г1абдулаца, Г1алиев Мух1уца, Дадаев Атуца, Мах1алиев Гъапурица, Бартиханов Бартиханица, г1абдулаева Гьулайматица, Мух1амадов Садикъица, Мух1амадов Жабраг1илица, Х1ажимух1амаев Мажитица, Исмаг1илов Г1абдулмуслимица, Шахбанов Г1абдумут1алица , сатираев Темиргерейица.
Нилъер росаби шпионаздаса ц1унизе ва бандаздегун дезертиразде данде къеркьезе  рагъул т1оцересел моц1аз районалда г1уц1ана 65 рагъухъан гъорлъе вачараб истребительнияб отряд. Гьелъие нухмалъи гьабуна НКВД ялъул начальник Г1умаров Г1исаца ва Г1абдулгъапуров Г1абдугъапурица.

Г1АДУ  Х1АСИРОВАСУЛ  РАГЪУЛ  НУХ.
стр. 69.
Газета  ц1алулес диргун къец баларин ккола К1удияб Ват1анияб рагъул соназда цо-цоязул ч1ах1иял гьунаралги рахчун хут1анин, цо-цоязе абуни гьит1инаб гьунаралъе к1удияб ц1арги щванин абуни. Гьеб г1умруялда х1акъ гбабун кколеб жо лъидал. Ч1ах1иял, г1акъилал г1адамаз абула «щибаб тарихияб лъугьасахъиналъе нугълъун замана кколилан ва гьелъ щибаб жо жинди-жиндир бак1алда лъолила». Г1аду ккола зах1матаб рагъул нух бахчун хут1аразул цояв ва асухъего заманаялъ гьелъул х1акъикъат рагьана.
Дунялалъулго к1иабилеб рагъул бищунго х1алуцин ц1ик1к1араб 1942 соналъул 18 марталда росуцоял П. Юсуповгун, Г1-къ. Жамаевгун, Н. Къут1араевгун, Буртунаялдаса С. Тимиевгун, Гъ. Мусаиповгун ва Алмахъалдаса чанго г1олохъан чигун Ват1ан ц1унизе ах1ана гьев. Т1оцебе къайи ч1вана Краснодар краялъул ралъдал раг1алда бугеб Анапа шагьаралда ва гьениб анц1го къо бахъана. Гьениса гамица рехула г1емер рик1к1ада бук1инч1еб Керчь шагьаралде. Амма гьанив цадахъ хут1ула Г1иц1го Г1-къадир Жамаев. Жибго Керчь нилъеца эркен гьабуниги, гьелда сверухъ ругел гох1а – щобал тушманасухъ хут1ун рук1ана.
Гьенив Г1аду вагъизе ккана г1орхъаби ц1унулезул к1иабилеб ротаялда. Нилъеразул ярагъ, гула – хер дагьго бук1ана. Гьелъ т1убараб анкьалдасаги халат бахъун рагъизе ккана хочод рахъун ва гьелъ цо къадаралда кумек гьабуна тушманасухъа ярагъ щвеялъе. Гьалгун рагъулел чаг1иги аслияб къаг1идаялъ немцаз асирлъуде росарал Румынал рук1ана. Х1алуцараб рагъулъ тущбабазул цояс туманк1ул хъундагъалъ бет1ер бекана, амма гьебсаг1ат хьолбохъ ватана кидаго цадахъ вук1унев адигеяв, отделениялъул командир, к1удияв сержант  В. Орзиев ва гьес Румынав кьабун г1одов ккезавуна. Хадуб байбихьана немцазул генералияб гьужум ва гьел рагъулъ минаялъ кваранаб к1игъеж лъукъана.
Зах1матаб к1иго ругъунгун, цадахъ гьалмагъзабазул къукъагун гьев немцазухъе асирлъун ккана мух1канал ругел баяназдалъун гьенив вук1ун вуго 90 азаргог1ан чи.
Асирлъуде ккаразул ц1ик1к1араб къадар бачана Беларусиялъул родно шагьаралда немцазе т1урччи бахъулеб бук1араб шахтаялде х1алт1изе. Гьедин ккаразул г1уц1ун бук1ана к1удияб лагерь. Гьениб немцаз т1обит1улеб бук1ана жугьут1ал рат1а гьариналъез, гьезда гьоркьоре бусурбаби ккунгурт1иялъе тадбиралги. Гьенивги Г1аду Аллагьасул кумекалдалъун, алх1ам ц1алун ворч1ана. Гьениса гьевгун цадахъ, немцаз машинаялда рек1изавун вачана 60 г1ан чи бат1ияб бак1алде. Гьенир ратула бат1и – бат1иял мац1аз, х1атта маг1арул мац1алдацин к1алъалел г1адамал, амма гьезда рет1ел немцазул бук1ана. Гьаб бугоан Г1адуго г1адин асирлъуде карал бат1и – бат1иял миллатазул г1адамал. Гьабулеб х1алт1иги гьезул щулалъиялъе окопал рухъи.
Г1езиг1анго заманаялъ гьенирги х1алт1ун гьел рачуна заманаялъе немцаз ккун бук1араб Ставрополь краялъул Александровка росулъе ва гьенибги лагерьги г1уц1ун жидеего х1алт1изарула. Гьениб дов командирлъун вук1арав ва цадахъ асирлъуде карав Орзиев Валибегица масъала цебе лъола гьаниса лъутизе кколин, 12 чияс лагер тола ва палаткабиги ч1ван немцал ч1араб бак1алде ккола.
Нижеда гьоркьов цояв вук1ана немцазул мац1 лъалев, дос щиб бицараб лъаларо ниж гьез нахъего лагералде унеб нухги бихьизабун риччан тана – Ян бицана Г1адуца.
Хадусеб ч1олеб бак1 нилъер ракьцоясул бук1ана Белорусиялъул Бобруйскиялда. Гьеб шагьар сверухъ бук1ана нилъер партизабазул ч1ах1иял къукъаби. Гьенирги х1алт1улел рук1ана нухал, кьоял къач1аялда. Цо нухалда цадахъ 2 немцавгун рит1ула 12 чи кьо къач1азеян. Тохаб бак1алде щвегун цадахъ рук1арал к1иявго немцалги ч1ван лъутула ва партизабазул къукъагун цолъула. Гьенивги 60 г1ан чи г1ола ва баян кьуна партизабазул дивизиялъул командир Сабуров вугин. Гьениб анлъго моц1 бахъана кодоб ярагъгун, немцал бак1 – бак1азде гочунел нухал, кьоял кьвагьизарулаго. Рет1ел квенги гьезие бак1алъул г1адамаз кьолаан.
Партизабазул гьеб къукъа рохьоса борч1иялъе инее кколаан цо утар къот1ун. Г1аду Х1асировгун ункъго чи вит1ана гьеб утаралда тушбаби ругищан халгьабизе. Чиги ватич1ого, сигнал кьезехъин рук1аго, кисан рач1арал лъач1ого бендеровцаз сверун куна, лъабгояв квеш рухана ва жидедаго цадахъ рачана, немцахъе кьуна, гьенирги бат1ияб лагералде ккана. Рухунаго гьаздасаа т1алаб гьабулеб бук1ана партизаби ругеб бак1, гьезул командирасул ц1ар бицине, амма гьел баянал тушманасе щвеч1о.
Заман иналде гьениса Германиялде Франфург абулеб шагьаралде рехана. Гьенирги х1алт1изарулел рук1ана ва гьедин зах1малъиялда ункъго моц1 бахъана. Гьаниб щвана рак1алдаго гьеч1еб рохел, К1удияб Бергьенлъиялъул байрахъ Рейхстагалда т1ад ч1вазе  дагьалго къоял хут1араб мехалда, ай 1945 соналъул 26 апрелалда Америкаялъул аскарал рач1ун эркен гьаруна ва нилъеразухъе кьуна. Гьеб мехалде гьел рачун рук1ана Дерлино абулеб гьит1инабго шагьаралде.
Гьениса рачарал гьел Эльбаялде щвезарула. Гьенив гьев ккола кьвагьдохъабазул 19 дивизиялъул 185 полкаялде ва гьенив радистлъунги ц1ализавун бухьен чилъун тола.
Г1. Х1асиров армиялдаса т1ад вуссана 1947 соналъул маялда. Гьелдаса хадув х1алт1ана халкъияб маг1ишаталъул бат1и – бат1иял бут1абазда. 1986 соналда анна мустах1икъаб х1ухьбахъиялде. Амма аниги маг1ишатиял х1алт1абаздаса ват1ат1ун ч1оларо. Гьанжеги г1ахьаллъула «Дилим» совхозалъул хур – хералъул х1алт1абалъе. Гьединабго бит1араб тарбия кьуна лъималазеги.
М.Салатгереев. г. «Чапар». №48. 29.11.1993 г.



РАГЪУЛ  ДАРС  К1ОЧЕНАРО.
стр. 70.
Ич1абилеб маялда Россиялъул ва СНГялъул г1адамаз, рекъел бокьулел дунялалъулго халкъаз к1одо гьабизе буго къоабилеб г1асруялъул бищунго кьог1аб ва вах1шияб рагъулъ СССРалъул Яргъилал. Къуватаз ва гьелдаго цадахъ Советияб халкъалъги бергьенлъи босаралдаса 51 сон т1убаялъул праздник.  К1удияб Ват1анияб рагъул кьвагьи къот1аралдаса башдаб г1асру аниги, жакъаги нилъгун буго гьелъул дандерижи. Рагъдаса т1адруссинч1ел бах1арчазул бесдаллъи х1ехьарал лъималги, бох, гъеж ва цогидал санал камун жалго г1урал росабалъе рач1арал харабиги, кьалул майдабазда шагьидлъарал россабазул жеги ч1ег1ер бахъич1ел лъудбиги – гьеб киналъго нилъеде г1агар гьарулел руго рик1к1адал кьог1ал, 1941 – 1945 сонал.
Рагъул г1ассилъиялъул г1иц1го ц1алун, бицунеб раг1ун, киноялъухъ балагьун гурони лъаларел нилъер ихтияр бук1унаро рагъул г1ахьалчаг1азул, г1аммаб бергьенлъиялъе г1оло рух1алда барахшинч1ого тылалда къеркьаразул адаб – хатир рехизе, гьезул т1алаб гьабизе к1очене. Араб тарихалъул, гьеб тарих г1уц1иналъе черхалъул би ракьалде т1уразул багьадурал ишал нилъеда рак1алдаса Ани, бук1инеселъ нилъер г1умруялъул къисмат х1акъир гьабич1ого теларо.
Рагъул соназда районалдаса Ват1ан ц1унизелъун Баг1араб Армиялде  ах1ун вук1ана 1740 чи. Гьездасан дора, рик1к1ада – рагъул майдабазда хут1ана 894 чи ва тушманасдаса нилъер ракьал ва Европаялъул цо – цо улкаби эркен гьарун т1адруссаразулги г1емерал рук1ана инвалидаллъун лъугьарал. Гьезулги щварал ругъназул х1асилалда г1емерисел т1убан херлъилелде г1умруялдаса рат1алъана. 1943 соналъул 23 марталда жалго бокьун фронталде арал 153 г1олилазулги г1иц1го 33 ял т1адруссана.
Умумузул бах1арчиял ц1арал ц1унана, Ват1аналде бугеб рокьи свинч1ого фашистазда кьваби щвезабун рагъана нус – нус районцоял. Гьел ккола Дилималдаса Х1. Башиев, Х1. Мух1амадов, П. Юсупов, Ленинаулалдаса Гь. Г1алиев, Калининаулалдаса Л. Мехтиханов, Ж. Шамсудинов, Буртунаялдаса С. Темиев, Б. Мидиев, Алмахъалдаса П. Г1умаров, Гуниялдаса С. Айтемиров, Хубаралдаса Б. Г1абдусаламов, Ихаса М-гъ. Г1умаров ва г1емерал ц1арал рехсеч1елги.
Рагъул сонал зах1матал рук1ана цого – цо бихьиназе гурел, руччабазеги, г1олилал васазегун ясазеги. Гьез кутнахъ харибак1азда, т1ощалил хурзабахъ, станоказда нахъа хисана Гитлерил хъамалчаг1аздаса г1агараб Ват1ан эркен гьабизе арал вацал, умумул, г1агарал ва росал. Г1и – боц1л фермабазда, т1ошалил гьоц1абахъ ва цогидалги общественниял бак1азда ран рук1ана «Кинабго тушманасда т1ад бергьенлъи босиялъе, «Фронт ва тыл цого руго», «Х1алт1ила диего ва фронталде арав гьалмагъасе г1оло» абурал ах1иял. Гьел ах1иял г1умруялде рахъинариялъе фронталда ругезе рит1улел рук1ана хинал чурапал, квердахелал, рет1ел, кванил ниг1матал жанир ругел посылкаби.
Г1емер к1удияб ва бечедаб гьеч1еб нилъер районалъ, рагъул соназда пачалихъалъул фондалде кьуна 2650 тонна т1ощалил, 2500 тонна гьанал, 122 тонна нахул, 440 тонна квасул, 8500 тонна картошкадал ва цоги бат1и – бат1иял продуктал. Т1ощел г1езабиялъе кьураб т1адкъай ц1ик1к1унги т1убаялъе г1ло Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденаздалъун к1одо гьаруна партиялъул райкомалъул т1оцевесев секретарь Х1асан Мух1амадов, райисполкомалъул председатель Г1абдукъадир Х1ажиев, районалъул росдал маг1ишаталъул продуктал х1адуриялъул рахъалъ вакил Тажудин Шапиев.
Цебехун рехсараб буго араб рагъул тарихалъул цо гьит1инабго бут1а. Амма жакъаги нилъеда сверухъ унел руго лъиданиги сундуе г1олояли лъаларел рагъал. Г1айибго гьеч1ел г1адамал ч1ваялъе пайда босулеб буго т1адагьаб ярагъалдаса гуреб, бак1аб г1арадаялдаса, г1исинал ракетаздаса, х1атта авиациялдасацин. Гьел рагъазул гъугъаязги нилъеде ах1и балеб буго ц1одорлъи гьабеян, республика гьединал чурукал ишазде гъорлъе ккезе биччагеян. Нилъер масъала – рагъул дарс к1очонгурт1и.
Баркула К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азда, районалъул т1олалго  г1адамазда рагъулъ бергьенлъи босараб праздник . Биччанте нужер шивасул рукъоб гьеб даимго бук1ине.
Г. «Чапар». №19. 08.05.1996г.


Т1АДЕГ1АНАЛ  ШАПАКЪАТАЛ  ЩВАРАЛ  НИЛЪЕР РАГЪУХЪАБИ.   стр. 73.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло рагъул соназда орденаздалъун к1одо гьаруна нилъер районалдаса хадур рехсарал рагъухъаби:
Дилималдаса.
Мух1амадов Х1асангилав            – «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Бишиев Х1айбула                -  «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Абуязидов Мух1амад                -   «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Насрудинов Айнудин                -  «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Шарапудинов Ансарияв              -  «Баг1араб ц1ва» орден;
Темирбулатов Мух1амадх1абиб - «Баг1араб ц1ва» орден;
Абубакаров Васако                - «Баг1араб ц1ва» орден;
Гертмаялдаса.
Г1абдулаев Мух1амад                - «Баг1араб байрахъ» орден,
                ва 2 орден «Баг1араб ц1ва»;
Мух1амирзаев Мусса                - «Баг1араб ц1ва» орден;
Буртунаялдаса.
Мидиев Батирхан – Александр Невскиясул орден
ва орден «Баг1араб ц1ва»;
Г1алиев Ибрагьим                - 2 орден  «Баг1араб ц1ва»;
Уладиев Расул                - «Реццалъул 3 даражаялъул орден»;
Ахгубеков Мух1амад                - «Реццалъул 3 даражаялъул орден»;
Гъолоев Мухтар                - «Реццалъул 3 даражаялъул орден»;
Г1умаров Надирбек  – «К1удияб Ват1анияб рагъул II даражаялъул орден»;
Х1ажиев Ах1мад            - орден «Баг1араб ц1ва»
Хубаралдаса.
Дадаев Муртазг1али    - «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Арсланбеков Чупалав  - орден «Баг1араб ц1ва»;
Нажуев Разакъ                - орден «Баг1араб ц1ва»;
Алмахъалдаса.
Г1умаров Паша                -  «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Г1исах1ажиев Батимирза -  «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Жансуев Шайихмух1амад – «К1удияб Ват1анияб рагъул II даражаялъул орден»;
Абакаров Ах1мад                - орден «Баг1араб ц1ва»;
Г1абдулаев Насрула                - орден «Баг1араб ц1ва»;
Асланханов Нугъаймирза         - орден «Баг1араб ц1ва»;
Иххаса.
Абакаров Шамсувара                - орден «Баг1араб ц1ва»;
Х1амзаев Г1абдурах1ман           - орден «Баг1араб ц1ва»;
Гуниялдаса.
Х1ажигороев Х1ажигоро – Александр Невскиясул;
Гьит1инов Иразхан - «К1удияб Ват1анияб рагъул II даражаялъул орден»;
Муслимов Вах1ид – «К1удияб Ват1анияб рагъул II даражаялъул орден» ва орден «Баг1араб ц1ва»;
Базаев Къурбанг1али - «Реццалъул 3 даражаялъул орден» ва орден «Баг1араб ц1ва»;
Эмечов Х1айбула - «Реццалъул 3 даражаялъул орден» ва орден «Баг1араб ц1ва»;
Абусинов Мух1амад - «Реццалъул 3 даражаялъул орден» ва орден «Баг1араб ц1ва»;
Ц1обокьа.
Дарбищов Исмаг1елх1ажи - «К1удияб Ват1анияб рагъул I ва II даражаялъул орденал»;
Мажидов Мух1амад                - орден «Баг1араб ц1ва»;
Г1абдумуслимов Расул - «К1удияб Ват1анияб рагъул II даражаялъул орден»;
Гьел руго ветераназул райсоветалда ругел баянал. Нужеда лъалел орденал щварал цогидал рагъухъаби ратании, гьарула гьезул х1акъалда нижехъе хъваян.
БАХ1АРЗАЗУЛ СИЯХ1 Г1АТ1ИЛЪУЛЕБ БУГО.
К1удияб Ват1анияб рагъул соназда орденал щварал рагъухъабазул сиях1 газеталда бахъаралдаса нахъе ветераназул райсоветалде рач1ана ц1иял баянал. Гьале гьел:
Сайдулаев Зубайри, Ихха росу,          - орден «Баг1араб ц1ва»;
Байханов Ражаб, Дилим росу,             - орден «Баг1араб ц1ва»;
Ганжаханов Х1абиб, Буртунай росу, - орден «Баг1араб ц1ва»;
Г1алих1ажиев Сайпудин, Алмахъ росу, - «Реццалъул 3 даражаялъул» орден;
Валиев Гъойтемир, Гуни росу, - «Реццалъул 3 даражаялъул» орден.
БАХ1АРЗАЗУЛ Ц1АРАЛ ХОЛАРО.
стр. 74.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ Бергьенлъи босаралдаса 50 сон т1убаялъул х1урматалда, росабазул администрацияз х1укмаби гьаруна фронталдаса 3 – 4 ваццал нахъ руссинч1езул ц1арал къват1азде лъезе:
Дилималдаса – Г1умаровазул (Жигарав, Х1амзат, Х1ажияв, Насир);
Хубаралдаса – Асланбековазул (Асадула, Султанг1али, Аса);   
Инчхаялдаса  - Байрамг1алиевазул (Иманг1али, Г1адил, Аскерхан);
Буртунаялдаса – Магьдихановазул (Идрис, Ах1мад, Мух1амад);
Гъозталаялдаса – Шираздиновазул (Г1абдулманап, Г1абдулг1азим, Басир);
Алмахъалдаса – Г1абасовазул (Забит, Зулумхан, Магьдихан), Насирдиновазул (Пахрудин, Хайрудин, Гьашим), Х1асановазул (Басир, Камиль, Асадула);
Ленинаулалдаса – Муртазг1алиевазул (Гъамбулат, Г1умар, Уллубий), Хаматовазул (Самад, Г1абдулмалик, Халипав), Жабаевазул (Жангу, Шагьрудин, Г1абдух1аким), Закаевазул (Г1иса, Х1осен, Х1асан).
К1удияб Ват1анияб рагъулъ бихьизабураб жигарчилъиялъе г1оло рагъдаса нахъ руссун рукъор хварал рагъухъабазул ц1арал лъезе къват1азде:
Гуниялдаса – Х1ажигороев Х1ажигорол;
Гертмаялдаса – Г1абдулаев Мух1амадил.



НАМУСАЛДА  РЕКЪОН  ВАГЪАНА.
стр. 75.
Нилъер г1умруялда, хасго гьанже заманалда 7 классалъул ц1алдохъанас рагъулаб комиссариаталдеги ун жив армиялде вит1еян аби бук1унареб жо буго. Амма Ват1анияб рагъ байбихьараб заманалда гьедин абулел г1олохъаби г1емер рук1ун ратизеги бегьула. Гьединаздасан цояв вук1ана Алмахъ росулъа Мух1амаднуров Мух1амадкамил.
Рагъ байбихьараб соналъ Дилималда бугеб школа – интернаталъул 7 классалда ц1алулев вук1арав гьев, гьоркьор моц1ал риччан чанго нухалда районалъул рагъулаб комиссариаталде щвана ва тушманасдаса Ват1ан ц1унизе живго вит1еян гьарана Армиялде ах1улеб г1ужалде вахун гьеч1ин абун гьев щибаб нухалда нахъе ч1вана. Мух1амадкамилил къвак1ун ч1еялъ ахирги х1асил кьуна. 1942 соналъул 16 марталда рагъал унел рук1ана ч1ег1ераб ралъадалъул Анапа шагьаралде вит1ана.
Анапаялде щун хадусеб къоялъ часталъул командир вач1ана ва 7 классалъул лъай бугел рат1а гьаруна. Гьезде гьоркьове ккана нилъер ракьцоявги. Гьезде абуна нуж Турциялъулгун бугеб г1орхъоде щвезаризе ругин, амма рит1ана гьебго Ч1ег1ераб ралъдал раг1алда бугеб Керчь шагьаралда аск1обе бугеб башдаб ч1инк1иллъиялде. Гьениб т1оцебе г1ахьаллъи гьабуна чидар ракьал рахъулезулгун унел рук1арал рагъазулъе. Тушманас ц1ик1к1арал къуватал рехун рук1ана Крым бахъиялъе. Бакъул нур свинедухъ рач1арал самолетаз бомбаби рехун хадуб гьеб гьайбатаб ракьалъул шагьаразде, росабалъе лъугьунаан немцазул танкал, лъелазул аскарал. Гьужумал рук1унаан ц1акъго гучал.
Цо нухалъ гьалмагъзабаздасаги ралъдал, раг1алдасан унаго М-к. Мух1амаднуровасда рач1унел рихьула к1игоял. Гьел немцал ратилин ккун салулъ вахчарав гьесда т1аде шола Алмахъалдаса Салманов Каримги ва Буртунаялдаса Ах1мадов Гъириги. Каримил гъеж бугоан зах1мат лъукъун. Жалго гьениса рорч1изелъун бахъана цоясул гъоркьан горде, гъежалъул ругъунги бичун бач1араб биялъ гьеб баг1ар белъана ва гьеб «байрахъ» цо гъайихъалдаги ч1ван, туманк1азул хъундахъаз лъимги халаго унел рук1ана. Гьениб т1аде бач1араб нилъер цо гамаялъ Анапа шагьаралде щвезаруна.
Гьелдаса хадув М-к. Мух1амаднуров К1удияб Ват1анияб рагъул тарихалда хасаб бак1 ккурал Сталининградалда  унел рук1арал кьабиязулъе г1ахьаллъизе. Гьевгун цадахъ гьенив вагъулев вук1ана Буртунаялдаса Тимиев Сурхайги. Гьенир рагъал унел рук1ана г1иц1го шагьаралъе ва къват1азе г1оло гурелги, щибаб рукъалъе г1ологи. Херлъараб мехалда гьереси бицун щиб гьабилеб, биялъ баг1арармейцасул пилотка т1адгъур босун унеб бихьана, ян бицана гьанже ветеранас.
Мух1амадкамилил х1акъалда жиндирго пикру загьир гьабун гьадин бицана С. Тимиевасги: Гьев вугоан х1инкъи – къай лъаларев, къват1иб бак1алда лебалав маг1арулав. Командирзабаз рагъулаб т1ад – къай  кьолаго, разведкаялде рит1улаго жиндие изну кьеянги абун цеве вахъунаан гьев – ян.
Цо къот1носа немцал нахъе хъамулаго г1асиял рагъал унел рук1ана. Гьеб къват1алъул цояб рахъалдаса цогидаб рахъалде унаго  Мух1амадкамилил бохалда щвана кьвагьулеб гула. Гьелъул ругъун бук1ана цакъ зах1матаб. Дагьаб заманаялда рагъулаб госпиталалдаги вегизавун гьесие лъабго моц1алъул отпуск кьуна ва рукъове вит1ана. Амма росу – районцоял тушманасде данде рагъулелги рук1ун, живго рукъов ч1езе гьесул намусалъ къабул гьабич1о ва нахъеги фронталде вит1еян районалъул рагъулаб комиссариаталде ана. Гьениса вит1арав гьесда Хасавюрталда бич1ч1инабуна дуда ругъунги г1ураб зах1малъиялъул бугин, цо дагьа – макъаб жо баккани мун рукъове тезе бегьулин. Гьелдасаги гьес инкар гьабуна ва нахъеги рагъде ана.
Т1адвуссун Мух1амадкамил фронталде иналде нилъер рагъухъабаз немцал бакът1ерхьудехун  хъамулел рук1ана ва цолъана Белоруссиялъул шагьар Витебск эркен гьабулел аскаралгун. Гьениб тушманасда кьабиял щвезариялъе пайда босулеб бук1ана ярагъалъул киналго тайпабаздасан. Гьедин гьев нахъе гъуна гьениса туревги, Прибалтикаялъул республикабаздасаги, эркен гьарула Польшаялъул тахшагьар – Варшава, Европаялъул бакъбаккудехун колел пачалихъалги. Мух1амадкамилие рагъ лъуг1ана Германиялъул бакъбаккул Пруссиялда. Гьенир асирлъун гьарулал немцал данде гьарулаго к1иабизеги лъукъана. Гьаб нухалда ругъун щола чехьалда. Нахъеги сах гьавула ва 1946 соналде щвезег1ан армиялдаго хут1ула. Ракълилаб заманалда Мух1амадкамилица гьабураб х1алт1иялдасаги рази руго росуцоял.
Мансур Жантемиров, г.»Чапар». №21. 27.05.1996с. Алмахъ росу.



БАЦ1Ц1АДАБ  Г1УМРУЯЛЪУЛ  ИНСАН.
стр. 78.
К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, зах1маталъул ветеран – пенсионер Шамсудинов Жамалдинил г1умруялъул исана 83 абилеб сон буго. Нахъа тараб г1умруялъул рак1алде щвезеги, бицинеги жо гьесул ц1акъго г1емераб буго. Гьавуна ва г1уна маг1арулазул цебегосеб Алмахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 1930 абилеб соналъ Дилималъул т1убач1еб гьоркьохъеб школалда лъуг1изабуна анлъго класс.
Дол соназ гьединаб лъай, гьанже бугеб т1адег1анаб лъаялдаса г1емераб къиматаб бук1ана, - ян рак1алде щвезабула ветеранас. – Х1алт1ана росдал Советалъул секретарьлъун. Хадув ана Буйнакскиялде газетал къват1ире риччалеб типографиялъул х1алт1ухъанасул лъай – махщел щолел курсазде ц1ализе. Курсал лъуг1араб мехалъ х1алт1изе вач1ана Хасавюрталъул типографиялде.
Дол соназ Казбек районалъе газета Хасавюрталда х1адурулеб бук1ун буго. Гьанже Калининаул росдал гьоркьохъеб школалъул музеялда ц1унун буго дол соназ, маялъул праздникалъе сайгъат гьабизе къват1ибе биччараб «Казбек колхозчи» газета. Гьесул т1оцебесеб гьумералда буго Шамсудинов Жамалдинил латын х1арпаз хъвараб макъалаги. Рич1ч1уларел х1арпаз хъван бугониги, рек1ее бат1ияб асар гьабула гьеб цебегосеб газеталъ. Рек1ее бокьулеб х1алт1уда халат х1алт1изе щвеч1о г1олиласе. Ирга щвана Баг1араб Армиялда т1адаб рагъулаб хъулухъгьабизе. Гьедин, 1940 соналъул июлалда Жамалдиница рагъулаб хъулухъ гьабизе ккола рик1к1адаб Мурманскиялда.
Жамалдиницаги, гьалмагъзабигун цадахъ, т1адч1ун жигар бахъулеб бук1ана командирзабаз малъараб рагъулаб иш лъазабизе. Рак1алдаго гьеч1ого унтизеги унтун, лъараг1 миллаталъул гьалмагъ, хадубккун армиялда хъулухъ гьабизеги ярагьинч1ого, рокъове вит1ула. Гьев рокъове щвезавизе т1адкъала Шамсудиновасда. Т1адкъаялда цадахъго командирас Жамалдиние изну кьола дагьабго заманалъ эбел – инсухъеги щвезе ва хехго рагъулаб часталде т1ад вуссине. Гьалмагъги рокъове щвезавун, эбел – инсухъе росулъе щвана гьев.
Жамалдин рагъулаб часталде т1адвуссун мех инелдего байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Г1емер кват1ич1ого рагъул гучаб карачел щвана Шамсудиновас ва гьесул гьалмагълъиялъ хъулухъ гьабулеб бук1араб Мурманскиялъул ракьалдеги.
Жамалдин вук1ана пулеметчиклъун. Нилъер армиялъе ц1акъго к1вар ц1ик1к1араб ва санаг1атаб цо борхалъиялъе г1оло гьабулеб бук1ана рагъ. Цин нилъераз, цинги немцаз цо чанго нухалда гьабуна кверщел гьеб борхалъиялда. Ц1ик1к1араб къуват тушманасул бугониги, нилъерал нахъе къалел рук1инч1о. Гьеб т1оцебесеб рагъда Жамалдин зах1матго лъукъана. Хисана цо чанго рагъулаб госпиталь. Дагьаб ругъун лъик1лъарабго т1уванго сахлъизег1ан, вит1ана рокъове. Ругъунги сахлъун, нахъеги т1адвуссана рогъде.
39 армиялъул 16 абилеб механизированнияб полкалда хъулухъ гьабулаго, Шамсудиновас г1ахьаллъи гьабула Духовщина, Витебск, Тильзит, Кенигсберг шагьаразде г1оло гьарулал рагъазулъ. Рагъул къисматалъ гьев вачана анкьго пачалихъалъул ракьалде. Г1умруялъго к1очонареб, рек1ее лъик1аб асар  гьабураблъун хут1ун бугоан рагъухъанасе, Чехословакияги, гьелъул ракьги, лъик1ал г1адамалги.
Немцазулгун гьабулеб рагъ лъуг1идал Шамсудиновас хъулухъ гьабулеб полк рехана Япониялде. Тушманасдаса кидагоялъе эркен гьаруна Маньчжурия, Дальний Восток. Шамсудиние рагъ лъуг1ана Порт – Артуралда. Бах1арчияв рагъухъанас бихьинчияб куцалда х1ехьола рак1 гъанц1изабулеб вах1шилъиги, ракъиги, къечги, квачги, баг1ариги.
Рагъдаса т1ад вуссинч1о гьесул к1иго вац: к1удияв Камалдин Сталининградалда ва гьит1инав Жайрудин Керчалда хвана, гьелде т1адеги, хун ватана херав эменги. Гьеб кьог1аб къисматалъеги, зах1малъи – къварилъиялъеги бет1ер къулич1о рагъухъанас. Ц1ияб къватгун жувана ракълилаб зах1маталде. Х1алт1ана Калининаул росдал Советалъул председательлъун. Гьениса вачана «Казбек колхозчи» газеталъул жавабияв секретарасул хъулухъалде.
Редакциялда гьалмагъасул рахъалъги Жамалдиние бит1ккана: дол соназ газеталъул редактор вук1ана гьесго г1адин рагъул кьог1лъи ч1амурав, поэт – журналист Ибрагьим Утарбиев. Цадахъ х1алт1улаго г1амал – хасият данде карав гьев к1иявго  фронтовик жакъаги вацлъиялда вуго. Редакциялдасаги Шамсудинов партиялъул райкомалъ Калининаул росдал колхозалъул председателасул хъулухъалде  вит1ана. Хадусел соназ, колхозалде ц1ияв председатель вач1араб мехалъ, гьесул заместительлъунги х1алт1ана. Т1убазабуна колхозалъул складалъул заведующиясул х1алт1иги.
Пенсиялде инелде ахирисел соназ Жамалдин х1алт1улев вук1ана росдал клубалъул заведующийлъун.
Жамалдин х1алт1улел соназ росдал клуб лъугьун бук1ана гьит1иналги, ч1ах1иялги эркенаб заман т1обит1изе иргаялда рач1унеб бак1лъун. Х1ухьбахъизе рач1аризе гьес бугеб ресалда рекъон киналго шарт1ал ч1езарун рук1унаан. Аслияб х1алт1иялда цадахъго гьес т1убазабулаан г1емераб общественнияб х1алт1иги. Рагъда бихьизабураб бах1арчилъи – гьунаралъулги, ракълилаб зах1маталда гьабураб рак1 бац1ц1адаб х1алт1улги х1асилазда Шамсудинов мустах1икълъана г1емерал шапакъатазе.
Х1алиматгун цадахъ лъик1аб тарбия кьун г1езаруна гьес жиндирго лъималги. Бищун к1удияй Зугьайдатица лъуг1изабуна Буйнакскиялъул медучилище ва х1алт1улей йиго росдал ясли – ахалда. Мусаца лъуг1изабуна Дагъмединститут. Х1алт1ана рак1к1адаб Пермь областалда, нижерго райбольницаялда, ахириял соназ бет1ерлъи гьабулеб буго районалдаго ч1ах1иял росабазул цояб – Ленинаул росдал амбулаториялъе.
Хадусей яс Езимат, росдал гьоркьохъеб  школаги лъуг1изабун, «Бергьенлъи» колхозалда х1алт1улей йиго. Забияца т1аса бищана ралел бак1азул йохьарухъаналъул махшел. Ц1ализе лъугьана Таганрогалде. Кули районалдаса тумав Мух1амадов Ах1мадилгун къисмат бухьинабун гьебго шагьаралда г1умру гьабулеб буго. Хадусей яцалъул россал вацал ккола.
Гьанже Жамалдинилги Х1алиматилги лъималазул лъимал къогоялде рахуна. Риидалил заманалда, лъималги рачун, ясал рач1уна эбел – инсухъе щвезеги гьезие кумекалъеги. Цинги Х1алиматил азбар бук1ана лъималаз ц1ун, жийго Х1алиматги релълъуна ясли – ахалъул заведующаялда. Шамсудиновазул киналго лъималги жалго г1адал, бац1ц1адаб г1умруялъул г1адамал руго.
Мух1амадкамил Лах1итов. Г.»Х1акъикъат» №14-15. 23.01.1997с. Казбек район, Калининаул росу.



ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ  Ч1УХ1И.
стр. 81.
Радиоялдасанги газетаялдасанги, г1емер соназ партиялъул Дагъистан обкомалъул т1оцевесев секретарьлъун вук1арав лебалав маг1арулав, интернационалист, г1умруго г1адамазе хъулухъалъе кьурав, Даниялов Г1абдурах1манил х1акъалъулъ цо – цо рекъеч1ел харбал раккулел рук1иналъ т1амуна дун гьаб гьит1инабго кагъат хъвазе.
Дагъистаниязда лъазе ккола нилъ бергьун к1удияб г1акъуба – къварилъиялдаса хвасар гьарурав чи Даниялов вук1ин. Гьесул бажариялдалъун, бит1ун абуни, бах1арчилъиялдалъун гочинарич1ого хут1ана нилъер халкъал, бихьич1о гьезда нилъер мадугьалзабазда бихьараб г1азаб – г1акъуба.
Г1. Данияловасда к1вана нилъер халкъ Ват1аналъе г1оло бокьараб бак1алда къох1ехьезе х1адурал рук1ин т1ад ругел бут1рузда бич1ч1изабизе. Гьесул раг1и хвезе теч1о Дагъистаниязги.
1943 соналъул 23 – 24 марталда Дагъистаналдаса кьун г1арзабигун рагъде ана 30 азарго чи. Гьезда гьоркьор рук1ана Казбек районалдаса 153 чиги. Гьел къояз щибаб росулъ ва райцентралда гьаруна дандч1ваял, унезе нухбит1иялъе гьаруна к1алъаял.
Хасавюрталдаса бахъараб Белиджаялде щвезег1ан маххул нухда ч1езарун рук1ана г1адамал раччизе х1адур гьарурал вагонал. Дагъистаналъул киналго бокьун армиялде унел ругьун гьаризе рит1ана Грузиялде. Гьенир нилъерал ккана Гори, Авчали, Хашури, Ссорами шагьаразде. Сорамиялда рагьана сержантазул школа. Манглис абураб поселокалда рагьана къокъаб заманалда офицерзаби х1адур гьабулеб училище.
Фронталде инее заман г1агарлъилелде нижехъе гьоболлъухъ г1емераб сайгъат – саламгун, концерталгун бач1ана Дагъистаналдаса к1удияб делегация. Гьелъ бет1ерлъи гьабулеб бук1ана Дагъистаналъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Тахтаровас. Гьез ниже нухбит1иялъе г1емерал хинал раг1аби абуна, цо чанго къоялъ кьуна концертал ва киназего рикьана ракьцояз рит1ун рач1арал сайгъатал.
Дагъистаналъул г1олохъабаз кибго бихьизабуна жидерго бах1арчилъи. Гьеб къукъаялда гьоркьоса Казбек районалде т1ад вуссана г1иц1го 33 чи хут1арал гьалмагъзаби хут1ана рагъулал авлахъаздаго.
Гьай – гьай г1емерал Дагъистаниял рагъдаса руссинч1о. Амма гьез тушбабаздаса Ват1ан гуребги Сталинил репрессиялдаса Дагъистанги гьелъул бук1инесебги ц1унана… Гьеб киналъулго авалалда вук1ана Г1. Даниялов. Гьесие разе ккола памятникал ва гьел разе жакъаги кват1ун гьеч1о. Лъезе ккола шагьаразул аслиял къват1азда, школазда, фабриказда, заводазда ц1арал.
Киг1ан к1удиябги х1урматалъе мустах1икъав чи вук1ана Дагъистаналъул ч1ух1и ва бух1и Г1абдурах1ман Даниялов.
А.Шарапудинов. г. «Х1акъикъат» 23.04.1998 с. 5 гь.


АЛМАХЪАЛДАСА  Г1УЖИХЪАН.
стр. 92.   
Жансуев Шайихмух1амад гьавуна 1911 соналда Алмахъ росулъ, векьарухъанасул хъизаналда. Гьит1инго эбел – инсудаса ват1алъарав гьев г1уна к1вах1 лъаларев кинаб зах1матаб къо т1аде бач1аниги х1ехьезе х1адурав г1олилавлъун. Дагьаб – макъаб гурони хъвай ц1али лъаларев вук1аниги, гьесул лебаллъи х1исабалдеги босун, колхозалъул правлениялъ Шайихмух1амадие божилъи гьабуна бригадаялъе бет1ерлъи гьабизе. Г1олиласда рак1алда бук1ана дагьавго ресалде вач1аравго хъизан гьабизе, амма рак1алдаго гьеч1ого ккараб К1удияб Ват1анияб рагъалъ рек1ел анищал гьоркьор къот1изаруна.
1942 соналъул январалда Угуев Бат1алгун, Мух1амадшарипов Адильгерейгун, Гъазиев Г1умарасх1абгун Ш. Жансуев Баг1араб Армиялъул кьеразулъе ах1ана. Дагьаб заманалда ГССРалъул Горы шагьаралда ругьунги гьарун, Шайихмух1амад гъорлъ вук1араб кьвагьдохъабазул 124 полк Керчалда унел рагъазулъе г1ахьаллъизе бит1ана. Керчь тушманасухъе ккараб мехалда, ц1идасан рагъде инее х1адурлъизелъун полк Авчалиялде бач1ана. Шайихмух1амад гьаб нухалда фронталда кьвагьдохъабазул 444 полкалде ккана ва гьенив мухъилав солдатлъун вагъулагун Смоленскиялъул ракьалде щвана.
Кват1ич1ого 50 рагъухъангун цадахъ гьевги г1ужихъаби (снайперал) х1адур гьарулел цо моц1алъул курсалде ц1ализе вит1ана. Гьел лъуг1аравго байбихьула г1ужихъанасул нухде.
Шайихмух1амад рагъул ишалъе лъадарана Смоленск ц1униялъе карал г1асиял рагъазулъ. Гьеб бук1ана тушманасул аскарал ц1ик1к1араб къуватгун Москваялде риччаларин гьабураб къеркьеялъулъ нилъее бит1 ккеч1еб заман. Шайихмух1амадица ишаналъе восарав тушманасул чанги солдат доб дунялалде вит1ана. Гьесул г1ужихъанасул туманк1 кьвагьулеб бук1ана гьоркьоб къот1ич1огун, г1ужда щолеб бук1ана алхинч1огун, гьелъ рецулел рук1ана фашистазул кьерал. Рагъулаб часталъул командованиялъ Шайихмух1амад рехулаан бищунго кьог1ал рагъал унел бак1азде ва гьес кибго бах1арчилъи г1агараб Ват1аналдехун бугеб рокьи, гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адурав вук1ин бихьизабулаан. Гьесул рагъулаб гьунар т1оцебесеб нухалда к1одо гьабуна «Багьадурлъиялъе г1оло» медалалдалъун.
Цадахъ рагъулел г1урус миллатазул солдатазда гьоркьов, полкалъул командованиялъ Шайихмух1амад бищунго г1ужилав кьвагьдохъанлъун рик1к1улаан. Гьеб гьунаралъе г1оло Шайихмух1амад К1удияб Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденалъе мустах1икълъана.
Цо къоялъ командованиялъ гьесда Москваялде ине х1адурлъеян лъазабуна, амма кинаб мурадалъе г1олояли бицинч1о. Гьениб, Баг1араб Майданалда Чойбасаница Шайихмух1амадил каранда бана Монголиялъул Халкъияб хуралалъул ц1аралдаса жидерго пачалихъалъул бищунго  т1адег1анаб орден. Гьениса щвана цогидал бат1и – бат1иял сайгъатал ва ц1идасан фронталде т1адвуссана. Гьелдаса хадув Шайихмух1амад 1943 соналъул июлалде щвезег1ан Орел шагьар ц1унулезул кьоразулъ вагъула. Гьел рагъазулъ гьесул цояб бох жагъал гьабуна ва бет1ералда щвараб ругъуналъ цояб г1инги жо рагьунареблъун лъугьана ва госпиталалдасанго халатаб заманалъе отпускги кьун рукъове вит1ана.
Баг1араб Армиялъ байбихьана немцазул хъамалчаг1и гъурулагун бакът1ерхьуде хун ине. Щайихмух1амадица дагьабго сахлъи щула лъарабго, районалъул рагъулав комиссарасде жив нахъеги фронталде вит1еян гьарула. Гьесул гьари т1убазабула. 1945 соналъул январалдасан байбихьун кьвагьдохъабазул 169, 178 полказул рагъухъабигун цадахъ Щайихмух1амадица нахъа тана Венгриялдасан, Чехословакиялдасан, немцазул фашизмалъул бук1он Берлиналде щвезег1ан халатаб, г1асиял къеркьеязул бергьенлъабаз гвангъизабураб, бах1арчияб рагъул нух. 1945  соналъул сентябралда, Ват1аналда цебе жиндирго налъи  бах1арчилъиялдаги т1убан, Щайихмух1амад т1адвуссана.
Фронталдаса т1адвуссун хадув Ш. Жансуев х1алт1ана Ленинаул росдал Советалъул председательлъун, финотделалъул агентлъун, заготскоталъул управляющийлъун ва колхозалъул мухъилав членлъун.
Рагъулъги х1алт1улъги Щайихмух1амадица ц1унана маг1аруласул намус, бихьизе гьабуна хадуб г1олеб г1елалъе мисал. Гьединавлъун вук1ана 1965 соналда 54 соналъул г1умруялда абалияб рукъове арав Алмахъаздаса багьадур Жансуев Шайихмух1амад.      
Расул Идрисов. Г. «Чапар», №19. 10.05.99 с. 1 гь.


РАГЪУЛ  КЬОГ1ЛЪИ  БИХЬАРАЗДА  ЛЪАЛА.
стр. 93.
К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьаралдаса к1иабилеб сон унеб бук1ана. Тушманин абуни бахъараб гьуриг1адин, къойидаса – къойиде т1аде вач1унев вук1ана. Нилъер рагъухъаби нахъе къалел ва заманалъе тушманасухъе кьолел рук1ана шагьаралги росабиги, амма гьебго заманалда немцазде щвезарулел рук1ана гучал кьабиял ва гьезул кьеразулъ ч1ах1иял камиял кколаан.
Гитлерилаб фашизмалъул рагъул машина гучаб бук1иналъ, немцал щвана Северияб Кавказалде. Гьезул кверщаликь рук1ана Ставрополь, Моздокг1адал Дагъистаналъул г1орхъазде кколел шагьаралцин. Гьез бомбаби рехулел рук1ана Хасавюрт, Мах1ачхъала шагьараздеги. Дандеч1ейи гьабиялъе нилъер рагъухъабазе г1олел рук1инч1о самолетал, танкаби ва цогидаб рагъулаб техника.
Ват1аналъе х1инкъи бугеб х1алалде ккун рук1аниги, 1942 соналъул ахиралде армиялде г1олохъаби ах1и чанго республикаялда гьоркьоб къот1изабуна. Гьезде гьоркьобе унаан Дагъистанги. Ват1ан ц1унулезул кьеразулъе ах1унгурт1и лъик1алъе гуреблъи бич1ч1араб Республикаялъул Х1укуматалъул бет1ер Г1абдурах1ман Данияловас (жиндир мунагьал чурун ратаяв), чанго сапар бухьана Москваялде ва партиялъул ЦКялде цебе масъала лъуна Дагъистаналъул халкъалъе Ват1ан ц1унизе инее бокьун бугин ва Дагъистаналъул халкъалъе рагъде инее ихтияр кьеян т1алаб гьабуна. Гьеб суал т1убач1о г1емерал сапараздаса хадуб гурони.
Х1укуматалъул бет1ерасе лъураб шарт1 бук1ана цадахъго 30 азарго чи рагъде вит1изе к1олеб бугони. Гьеб суа кутакалда зах1малъизабун бук1ана гьеб мехалде Дагъистаналда рагъде унеб ригьалде рахарал г1адамал ц1акъго дагь гурони хут1ун рук1инч1олъиялъ. Гьел церего фронталде ун рук1ана.
Москваялдаса т1ад вуссун хадув Г1. Данияловас гьеб суал дандбана Дагъистаналъул х1укуматгун, шагьаразул ва районазул бут1рулгун. Раг1и дандеккун хадуб гьез байбихьана шагьараздаса, районазул росабалъ бич1ч1икьеялъул х1алт1и гьабизе. Т1орит1ана митингал, ах1ана собраниял. Гьезул аслияб ах1и бук1ана «Гитлерил фашистаз Дагъистаналъул ракьалда х1ет1е ч1езе гьеч1о» абураб. Гьеб ах1иялда гъоркь щибаб шагьаралда ва росулъ байбихьана жидеего бокьун  Ват1ан ц1унизе унезул сиях1ал г1уц1ине, гьезухъа арзаби росизе. Гьеб мехалда Дагъистаналъул Халкъал Ват1аналдехун бугеб рокьи бихьизабуна. Арзаби хъвана бихьиназги , руччабазги, ч1ах1иязги, жеги г1умруялъул 16 – 17 сон гурони т1убач1езги. Цо – цо г1олохъабаз жидерго сонал ч1ах1а гьарунцин хъвалел рук1ана.
Марталъул авалалда нилъер республикаялда х1адур гьавуна фронталде инее 30 азаргог1ан чи ва 1943 соналъул марталъул ахиралдехун гьел нухде рахъана. Гьезда цадахъ вук1ана жалго бокьун нилъер районалдаса унезул 153 чиги. Нухде рахъинелде цебе гьезулгун гьаруна дандч1ваял, ихтилат – кеп, квана – гьекъей, кьуна сайгъатал ва рохалида рег1ана. Рагъде унел т1олалго Дагъистаниял рек1унел вагоназул ччит1ир Хасавюрталдаса Билиджаялде щолаан.
Дагъистаналдаса фронталде бокьун унел т1оцере ГССРалъур Горы шагьаралде рит1ана. Гьенир Авчали, Хашури, Ссорами шагьаразда рагъде ине х1адур гьарун куцана, Сорамиялда рагьана сержантал х1адурулеб школа. Манглис поселокалда рагьана къокъаб заманалда офицерал х1адурулеб училище. Фронталде ниж къват1ире лъугьинелде нижехъе Дагъистаналъул Х1укуматалъул к1удияб делегация щвана ва гьелъул членаз г1емерал сайгъатал рач1ана. Делегациялъул бет1ералда вук1ана республикаялъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Тахтаров ва гьез нухбит1иялъе хинал раг1аби абуна. Дагъистаналдаса г1олохъаби рикьа – рихана бат1и – бат1иял фронтазде. Гьез Ват1ан ц1униялъе гьабулеб къеркьеялда унго – унгояб бах1арчилъи бихьизабуна.
Рагъдаса хадур, жалго бокьун фронталде нилъер районалдаса аразул рукъоре т1адвуссана г1иц1го 33 чи. Хут1арал кьалул майданалда шагьидлъана. Т1адруссаразулги фронталда щварал ругънал ц1илъун, г1умруялдаса рет1алъана г1емерал. Нахъе хут1аразул руго: Инчхаялдаса Г1абдуразакъов Садикъ; Хубаралдаса Дадаев Мух1амад; Буртунаялдаса Х1асанов Х1ажи; Калининаулалдаса Чичилбиев Исх1акъ; Ленинаулалдаса Мух1амадов Г1абдурах1ман, Закриев Зайнудин, нилъер районалда цебе бук1араб Миякьо росулъ ч1арав Айдемиров Х1асанбасир, Абакаров Султансалим, Ц1ияб ц1обокьа Мух1амадов Уба ва Шуг1айпов Мух1амад, Дилималдаса  гьаб макъалаялъул авторги.
Амма гьанибго бихьизабизе ккола, рагъдаса т1адруссаразулгун гьарулел слетал ах1и, дандч1ваял т1орит1иг1адал х1алт1аби ахираб заманалда я республикаялъул яги районалъул даражаялъул гьеб гьабизе кколел  г1адамаз рехун тун бугин. Гьелъ батизе бегьула ахираб заманалда Ват1ан ц1унизе унел г1олохъабазда гьоркьор гьенире инее инкар гьабулел раккулел ругел. Гьедин гьабураб х1алт1и  цогизаманалда бич1ч1икьеялъулаблъунги ккола.
Баркула солдатасул г1абацоязда, рагъул толалго г1ахьалчаг1азда фашизмалда т1ад бергьенлъи босаралдаса 54 сон т1убай, гьарула гьезие сахлъи, рак1азе х1алхьей бугеб херлъи.
Ансарияв Шарабудинов.  К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, рагъул инвалид. Г. «Чапар». №19. 10.05.1999 с. гь.1.



БЕР  КЪАНЩИЧ1ОГО  ГЬУЖУМАЛЪ  АНА.
стр. 102.
К1удияб Ват1аналъулаб рагъ байбихьилелде Алмахъалдаса Гъазиев Г1умарасх1аб вук1ана 26 сонил г1умруялде вахарав, г1езиг1анго квешабги лъик1абги бихьарав, ц1убараб пикруялъул лебалав г1адамазул цевехъан. Гьев ккола росулъ т1оцересел комсомольцазулги коммунистазулги цояв, колхоз г1уц1иялъе жигарав къеркьохъан, г1адамазул лъаялъул даража ва культура борхизабиялда жиндирго г1умру бухьинабурав, коммунистазул партиялъ ва Советияб пачалихъалъ кинаб суал цебе лъуниги  гьеб т1убазабизе рух1 кьезе х1адурав, нек1сияб заманалъул кьог1лъиги гьанжесеб заманалъул г1ат1илъиги жиндаго бихьарав х1инкъи лъаларев маг1арулав.
«Сталин» колхозалъул парторглъун х1алт1ула вук1арав Гъазиевас районалъул активалъул данделъиялда к1алъалаго цо нухалда абуна: «Ват1аналъул рак1 Москва немцазул фашистаз бахъизехъин бугеб заманалда жиндир намусалъ къабул гьабуларо росулъ хьвадизе» - ян ва президиумалъул столалда т1ад лъуна фронталде вит1еян хъвараб жиндирго арза. Г1умарасх1абил мурад т1убана 1942 сонил январь моц1алъул 20 абилеб къоялъ. К1иго моц1 гьоркьоб инелдего рагъул дагьа – макъаб куци щвараб Гъазиевас хъулухъ гьабулеб часть рехана Керчалъулаб рахъалде.
Хадусан г1умарасх1абица г1ахьаллъи гьабуна Буртунаялдаса Г1исаев Идирисгун, Дациев Насрулагун, Алмахъалдаса Ибрагьимов Закариявгун, Муртазг1алиев Къадигун, вацал Къурбанг1алиевал Х1амзат ва рашитхангун цадахъ Брянск, Смоленск, Москва ц1униялъе г1оло Баг1араб Армиялъ гьарурал г1асиял рагъазулъ. Гьесул рек1елъ бищунго асар хут1араблъун ккана Курская дугаялда бук1араб к1иябго рахъалдасан миллионал солдатал, аза – азар танк ва цогидаб техника г1ахьаллъараб бищунго х1алуцараблъун бук1араб рагъ. Цо г1ужумалда цониги командир ч1аго гьеч1олъи бихьарав, Г1умарасх1аб «Сталиние» Ват1аналъе г1оло, дида хадур, Ура! – абун гьаракьги гьабун цеве к1анц1ула. Гьеб гьунар к1одо гьабун Гъазиевасул каранда бана «Багьадурлъиялъе г1оло» медаль.
1943 сонил 10 августалда автоматчик Гъазиев зах1матго лъукъана ва гьев сах гьавизе тылалде вит1ана.
Гьелделъун къокъ – лъана коммунистасул рагъулаб нух, т1убана рек1ел анищ, щвана тушманасдаса къисас босизе рес, даимго хут1ана Ват1аналъе рит1ухъав васлъун, ц1адулав патриотлъун.
К1иябго макъала хъвана Расул Идрисовас. Г.»Чапар». №8. 21.02.2000 с.

ВАТ1АН  Ц1УНУЛА  БАХ1АРЗАЗ.
стр. 105.
Х1икматаб къисматалъул ва рек1ел аваданлъиялъул инсангун дандч1азе рес щварал нижеца х1исаб гьабуна – гьав к1удада херлъиларин хвалилаб зах1мат т1аде бач1аниги, Т1адег1анав Аллагьасе гурони бет1ер къулиларилан.
Дагъистаналъул кавабахъе намцазул г1ашт1ичаг1азул т1оцересел бидулал швелелдего фронталде вит1изе соназде ва хинч1ев лебалав Исх1акъ военкоматалъул х1алт1хъабазда ч1алг1ун вук1ана. Кидаго нахъч1валаан сонал г1ун гьеч1илан, хадуб абуна бандазул чигугилан, чачанасулгун бухьен бугилан. Бит1араб буго, гьеб заманалда Чачаналъ рук1анак инсул 16 вацг1алги, жиндирго гьесул 22 цинаг1алги. Ахирги Дагъистаналда хабар т1ибит1ана соназде г1агарго ругелги, цере фронталде ккеч1елги бокьун фронталде рит1изе ругилан. Гьеб хабаралъул х1акъикъат лъазег1анго Исх1акъ ункъабилеб нухалдаги  Дилималда военкомат бук1араб Балал минадухъе щвана. Гара – ч1вари гьабуна, г1енеккана ва г1арза къабул гьабуна.
23 марталда росабалъа рач1арал г1олилалгун щибго г1урус мац1 лъаларев Алмахъав г1аммаб иргаялда ч1ана. Дили – Хасавюрт – Мах1ачхъала – Баку – Тбилиси – чан гьединал ч1аралдай нахъа тезе Аллагьас хъван бугеб.
Авчалалде, Хашура Сурамалде щведал байбихьана рагъулаб х1адури. К1алъала г1урусалъ, нижеца жаваб кьола маг1арул мац1алда. Дилималдаса гьадав Ансариявги, Ичкаялдаса Садикъги цадахъ рук1инч1елани щиб ккелеб бук1арабалицин лъаларо. Нижергун гьоркьолъаби мух1кан гьаризе командирзабазги гьел ах1улаан, кинаб къо кканиги нижедаги гьелгурел ратулароан . Жакъаги гьел цоцазе хириял руго ваццаздаса – ян бицуна херав Исх1акъица рагъулал гьалмагъзабазул х1акъалда.
Мукъсанабго рагъулаб х1адурлъи щварал гьел рит1ула цо дивизиялде, цо полкалде, амма цоцазулгун бухьен кквезе рес щоларо батальонал ва ротаби бат1а – бат1а рук1иналъ – Хубаралдаса Дадаев Мух1амадгун, Ичкаялдаса Г1абдуразакъов Садикъгун, Буртунаялдаса Х1асанов Х1ажигун, Ц1обокьа Шуг1айпов Мух1амадгун ва г1емерал цогидалгунги. Т1оцебесеб рагъ бук1ана Смоленск эркен гьабиялъе г1оло гьабулеб. Рук1ана кьвагьдохъабилъун, хехго байбихьана нилъер г1олилал  разведкаялде рит1изе. Цо нухалда Чичилбиевгун разведкаялъулаб т1адкъайгун Арал 28 рагъухъанасул нахъе руссана г1иц1го щугоял.
Абизе бегьула Смоленскиялъул сверухълъиялда Дагъистаналъулги Салатавиясулги васазул жаназаби камурал бак1ал гьеч1илан. Масала, ругел баяназда рекъон Салатавиялъул 44 рагъухъан къанщун вуго гьенир, руго цо къоялъ ч1варал щугоялцин. Балагьизе чи гьеч1ел хобал жакъа нилъехъ ралагьун ругилан кколан.
Рагъда бищунго пашманлъараб къо  Исх1акъие бук1ун буго чехьги бихъун, бахьалги къват1ире ран, гъежги лъукъун ватарав рагъулав гьалмагъ Хубаралдаса Мут1алибов Х1ажие щибго кумек гьабизе рескъот1иялде ккараб мех. Данде бакьалги гьарун, т1аса гордеги бахъун, дагьабго ругъунги бахчун, дагьав рик1к1аде г1ан гьев вехъерхъулагун ана абадиялъулаб рокъове муг1рузулаб лачен. Т1ок1аб гьабизе жо Исх1акъида к1олароан.
- Г1ужумалъ вач1унев тушман нижеда т1асан инч1о. Дун лъукъана Смоленскиялда гъоркь Х1ажигог1адин 1943 сонил 28 августалда. 9 къоялъ хут1ана бахараб харилъ лъукъараб бак1алдасан къват1ире рач1арал бакьалгун, зама – замналда лъавудаса инавулеб бот1рол ругъунгун. Чиясда вихьилин, ватилин, хьулалъ борхулаан ахирисеб къуватгун эхеде квег1аб квер. Аллагьас дир рух1 гьениб бахъизе хъван гьеч1еб бук1ун бугоха, т1аде ккун цо гьит1инай ясалъ дагьав довег1ан вехъерхъун вуго ва рагъухъабазда лъазабизе ун йиго. Хадусеб – макьилъ цин бихьизе хъван батугеги.
Исх1акъ госпиталалдаса вуссана рокъоса аралдаса лъаг1елгун 22 къоги нахъа тун. Херасул г1умруялъул буго цо хасият – кидаго ресалда рекъараб х1алт1и гьаби. Фронталдаса т1ад вуссарав Исх1акъида росдал къисмат гьанжесеб Калининаулалда бугеб колхозалда бухьун батана. Бажарараб хурухъанлъиялъулаб х1алт1иги, боц1хъанлъиги – гьес цо рахъалда тараб х1алт1и хут1ич1о.
34 соналъ х1алт1ана вехьлъун. Доб дун лъукъун 9 къоялъ рагъухъабазда гьоркьоса камурав дир х1акъалда рокъобе бит1араб баяналда абун бугоан «Чичилбиев Исх1акъ 1943 сонил 28 августалда Смоленская областалъул Екимовский районалъул Куркино росулъ Ват1аналда цебе налъи т1убалаго, бах1арчияб къаг1идаялда ч1вана» - ян абун. Дидаса цебе гьеб хабар росолъ т1ибит1нги бугоан –ян т1аде жубана хвалил кверщаликьа ворч1арав Алмахъас цо жо к1очон бугебг1адин.
Рагъухъан т1ад вуссана, амма т1ад руссинч1о Змница росолъ къанщарав Г1адиев Лах1ит, хадусеб къоялъ гьенибго хвалилал гулби щварав Х1ажибатиров Булатхан, Починок росолъ вукъарав Идрисов Мух1амадбасир ва г1емерал цогидалги росоцоял. Амма гьезул къисмат Исх1акъида лъалароан, гьединлъидал батила рагъухъанас г1иц1го Хубаралдаса Х1ажил бицун тараб.
Жакъасеб къоялде щибиланха абилеб, - чучав бет1ерасул чучал аскаралги рук1унин абула. Амма нилъее бет1ерлъи гьабуна Дагъистаналъул ях1алъги, бац1адаб намусалъги. Дол соназ нижеда къогьелъ борхизабуна, гьал соназ нужееги гьебго къуват буго. Доз умумул нечезе гьарич1о, гьазги къо борхиялда божи буго.
Тарбия кьеялъулаб х1алт1и г1уц1изе гьал ветераназул г1умру ц1алулеб, бихьулеб раг1улеб ц1алул т1ехь буго. Гьелдаса бит1ун Калининаулалъул школалда пайда босулеб бук1иналъе нижеца нуг1лъи гьабула. Гьелъул х1асилги кколеб буго.
Исх1акъ Чичилбиев. Г.»Чапар». 24.01.00с.Алмахъ росу.

ВАТ1АНАЛЪЕ  ХИЛИПЛЪИ  ХАСИЯТЛЪУН  БАТИЧ1О.
стр. 107.
Жеги 18 соналъулаб г1умруялъул нуц1а рагьун бук1инч1о Алмахъалдаса Мух1амадов Г1абдурах1маница Дагъистаналдасаго г1агараб Ват1ан ц1унулезул къокъаби бокьун фронталде унел ругилан г1агараб росолъ хабар т1обит1араб заманалда. Лъида дандбалеб, щивгун к1алъарав – гьеле г1олиласул т1оцере рижарал пикраби Аллагьасул талих1 – росолъа г1емерал ратана гьесда жиндиргог1адаб ниятгун, гьединалго ратана г1емерал дандч1валел рук1арал мадугьалихъа – Буртунаялдаса г1олилалги.
Гьанжеги херас рек1елъан бач1унеб бух1игун рехсола росолъа Исх1акъ Чичилбиевасул ва Магьдихан Г1абасовасул, Г1алисултан Набиевасул ва Патаг1али Эсенбаевасул, Найбодин Х1амзатовасул ва Х1амид Г1абдулах1идовасул, Назир Навурбиевасул ва Муса Темирукъаевасул, Зикрула Мусавузовасул ва Басир Идрисовасул, Гъайирби Гъарабатировасул ва Байсурукъа Идрисовасул, Лах1ит Адиевасул ва Башир Гъандавуровасул, Зайнудин Закаряевасул ва Мух1амадхан Зайпулаевасул, Саид Салмановасул ва районалъул росабалъа васазул рак1алде рач1арал ц1арал.
Росу – ракь нахъа тана, тухум – агьлуялъ нухда рег1ана, ахир – къадги Дагъистаналъул вассал решт1ана Тбилисаялда сверухъ ругел рагъулал базабазде: Хашура, Сурама, Авчал. Хехабго ц1алул курс лъуг1изабуна 110 абилеб кьвагьдохъабазул полкалда, Щвараб рагъулаб х1албихьигун районцоялгун ва цогидал Дагъистаниялгун гьел ккола Смоленскиялъул сверухълъуде.
Дие к1удияб асар гьабулаан Ват1ан ц1унизе рес щвеялъ. Гьанже бокьарас бокьараб бицунеб заман бач1ун бугониги, нахъе хут1аразе абилаан: нижер г1инда раг1улеб бук1ана «За честь жены! За жизнь детей! За Родину! За Сталина!» абун. Гьел рорхун абулел раг1аби гуро, гьел руго жакъаги х1ажатал раг1аби. Ват1аналъе хилиплъи ниже хасиятаблъун лъугьинч1о, гьеб ц1унараллъун нижер г1ел гьанжеги хут1ана – ян бицуна харабас.
Смоленск, Орша, Витебск – гьел ц1арал руго рагъухъанасул гьунаралъулаб т1ахьида. Кинал гьел рук1аралали бицуна доба – фронталдаго кьураб «За отвагу» медалалъ, хасаб ч1ух1игун кодобе босулеб «За победу над Германией» шапакъаталъ. Шапакъатал хадурги рач1ана Бет1ергьанчиясда гьел ратана. Амма бищунго хирияб шапакъат Г1абдурах1мание ккола идарабаз рагъулал гьалмагъзабигун дандч1вазе рес рекъезаби.
Орша шагьаралъул бакът1ерхьулаб рахъалда зах1матго лъукъана, чанго сордо – къоялъ хут1ана нилъерго рагъухъаби т1аде ккезег1ан. Гьениб рух1бахъи х1акъаб бугилан рак1алде ккарав маг1арулав гьале Аллагьас муг1рузде т1ад вуссинавун вуго. Госпиталалъул палатаби, къот1изе ккана ракьахъур – хъурараб кваранаб бох. Инвалид т1ад вуссана инсул сверуде хьулгун. Амма Ленинил ва Молотовасул ц1аралда Алмахъалда ва сверухълъиялда рук1арал кулабазул кьуч1алда г1уц1арал колхозал гочинарун ратана гьанжесеб Ленинаулалде. Щибха гьабилеб – гьединаб х1укму къот1ун батана х1акимаз.
Дида рак1алде ккола доб рагъдаса руссаралщинал наял ругилан, цо лах1заталъги гьел квер т1ат1ала лъун ч1еч1о. Гьаниб батараб мискинлъи бихьидал сахасдаги цо раг1алда ч1езе к1веч1о. Кибго квер щвараб зах1маталъулаб  х1алт1и гьабизе ккана: звеновод, харил кампаниялъул бригадир, 1947 соналдаса т1убазабулеб буго «Гьудуллъи» колхозалъул боц1у фермаялда хъаравуллъи, бижарараб куцалда т1убазабуна колхозалъул рохьихъанасул х1алт1иги. Кверда пинкъ бахъинч1ого нижер г1елалъе хинк1 щвеч1о. Гьединал ратана т1адругел ц1ик1арасел х1акимзабиги. Гьанже гьабулеб бат1ияб буго, бихьулелдаги божизецин бач1унаро - ян пашманлъула рагъухъан цо – цо нухалда.
Нижер бук1араб, гьанже гьеч1еб цо рахъги буго: нижер вук1ана Г1абдурах1ман Даниялов, нужее гьединав щвеч1о. Г1абдурах1манихъа гурони гьадаб иш бажарунги бахъинароан , гьес Дагъистаниязе гьабураб и шва гьес нилъ сундаса хвасар гьаруралали киназего баянаб буго, амма баянаб къадру гьабич1о, къимат кьеч1о гьесие нилъеца. Гьунар бижуна Аллагьас кьун бук1ана – ян цо жоялда жив разилъунгурт1и загьир гьабизе бокьараб г1адин  рехсолеб буго фронталъ сакъатлъи кьурав, зах1маталъ к1век1арав Ват1аналъе хилиплъич1ев херав Алмахъас. Гьанже херлъарав рагъухъанас жиндирго ургъел гьабуларо, г1ураб т1алаб гьабулин Ват1аналъ жиндиран бицуна Г1абдурах1маница: г1ураб пенсия, хьвадизе инвалидазулаб автотранспорт, бух1изе ц1атари – гьединал руго рагъулав инвалидасе ч1езарурал бигьалъаби. Амма гьес ургъел гьабулеб буго нахъе толел ирсилазул, гьезул лъималазулги. Ургъелги кинха гьабулареб – боркьараб корг1адаб ракьалда ругелъулха гьелги, гьезул т1алабалда вугев хилиплъи лъаларев херав рагъухъанги.
Нилъер къуват буго гъункиялъулъ. Гъунки Салатавиялъулазулъ кидаго батараб буго, божула нилъ Бет1ергьанас балагьаздаса ц1унизе рук1иналда. Тарихалъул гъварилъуде ваккун, г1умруялъул борхалъуде щварав Инхоса Г1алих1ажияс нилъер багьадурзабазул адресалда абурал ратила гьал раг1аби:
                «Ват1анияб т1алаб
                Т1обит1улаго
      Т1ерхьарал ц1вабазул
                Ц1ар к1оченаро»
Нилъеца бицен гьабулезул гьунар гьелъие нуг1заллъун ккола.
Материал данде гьабуна ва х1адурана нижер мухбир Мух1аммад Дадаевас.  Г. «Чапар».14.02.2000 с.


ГЬАЗУЛ  ГЬУНАРАЛЪУЛ  КАНЛЪИ  ССУНАРО.
Кидаго г1умруялъул цебесеб кьерда.
Х1асан – Бассир Айдамиров Миякьо росу.
Т1олабго г1умруги, Х1аракатги нилъеца бицен гьабулесул т1убанго бухьараб буго Салатавиялъул росабазул школазул коллективазулгун росабазул Советазул исполкомазул Х1алт1уда. Гьавуна 1922 соналъ Л.Н. Толстояздалъун ва М.Ю. Лермонтовасдалъун гурониги Г1абдулагьил вас Г1ума – х1ажида лъун машгъуллъураб Миякьо росолъ. Ц1алана росдал школалда ва гьенивго тана учительлъун ва рагъулал ишазул нухмалъулевлъун. Г1ахьаллъи гьабуна комсомольцазул х1аракаталъул ва колхозалъул т1оцересел галабазулъ.
Байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Идарабаз фронталде нух къана росолъ гьабулеб х1алт1иги гьебго даражаялъулаб бугилан. Кьуна броня. Жигарав комсомолец 1942 соналъ восана ВКП (б) ялъул мухъилъе. Цо – цоял партиялъул мухъилъа лъутулеб заманалда, гьаниб бицен гьабулев Х1ассан – бассир Айдимеровас бук1инесеб къисмат бухьине гьабуна «рагъул ругезул партия» абураб ц1аралда. Нухмалъи гьабулеб бук1ана колхозалъул комсомолорганизациялъе ва рагъде ругьун гьариялъулаб кружокалъе. Фронт г1агарлъулеб бук1ана Северияб Кавказалде, амма Х1ассан – бассирил рагъулаб налъи росолъго т1убалеб бугилан фронталде вит1улев вук1инч1о.
Ахирги, 1943 соналда Дагъистаналдаго ах1и бана фронталде бокьун унезул аскарал данде гьарула ругилан. Узухъда, школалъул военрукги, комсомолазул цевехъанги т1оцеве хъвана гьезул кьеразулъе. Районго бук1ана ц1алдолеб рагъулаб комиссариаталъул азбаралда данделъана Дилималдаса Ансарияв, Ичкаялдаса садикъ, ц1обокьа Уба, Алмахъаздаса Исх1акъ, Буртунаялдаса Г1абдурах1ман ва жегиги г1емерал лъалелги  лъаларелги, Дагъистаналъул вассал рит1ана цин Грузиялде, хадур рагъулал частазде. Районалдаса 6 чи вит1ана Тбилисалда г1агарлъухъе Мах1ачхъалаялдаса гочараб лъелазул офицеразулаб училищеялде, байбихьуда ц1али гьениб гьабуна, амма 1943 сонил июналда гьалмагъзабаздаса ват1алъана курсантазулаб 3 – абилеб гвардиялъулаб дивизиялъул мухъилъ Ростовалде рагъухъе вит1иялдалъун.
Кьвариялъул раг1алда ккаразул бицен тарихалдаго буго, гьениб бук1ана гъварид гьарурал оборонаялъулал сангарал, гьел рагъулагун ккарал камиязул тарихчаг1азул къечал жегиги лъуг1ун гьеч1о. Гьеб рагъулъ лъукъун ва лъай – эсалдаса ун вуго ва полкалъул штабалдаса рокъобе кагъат бит1ун бач1ун батана Х1ассан – бассир ч1ванилан.
Чан г1исинал ва ч1ах1иял шагьаралгун росаби гьес нахъа тарал. К1иабилеб нухалда лъукъун вуго сентябралда ва бох сахлъуларогун госпиталалда халатго вегун вуго. Фронталде щун вуго Польшаялъул Висла г1орул раг1аллъуда. Зах1матал т1адкъаязул цояблъун рик1к1уна 1945 сонил 12 январалда т1убазабураб армиялъулаб штабалъул хасаб т1адкъай. Гьелъухъ бихьизе гьабун бук1ун буго «Баг1араб ц1ва» орден, амма щаяли шапакъаталда бет1ергьанчи жегиги ватун гьеч1о, ватизе квербакъи гьабунги бихьуларо.
Бищунго хириял шапакъатлъун рик1к1уна тушманасул ракьалда кьураб «За отвагу» медаль ва гьесул тахшагьар бахъун щвараб «За взятие Берлина» медальги. 1945 сонил т1оцебесеб май Х1ассан – бассирие бук1ана Берлиналъул раг1аллъуда бук1араб ц1об т1аг1араб рагъулъ, гьениса гьел рит1ана Чехиялда бук1араб ва Прагаялда сверухълъи ккун рук1арал немцазул т1аса рищарал лъабнусазаралияб къукъа т1аг1инабизе. Рагъул би унго к1очонареб къолъун рик1к1уна лъабабилеб май: тушман накалда лъуна, ват1ан ц1унана намус бац1адго.
Г1агараб Салатавиялде т1ад вуссана 1946 сонил марталда к1удияв лейтенантасул чингун ва бокьулеб ишалде, инсул росдал школалде лъималазе лъайгун тарбия кьезе лъугьана. Байбихьул школалъул гурони жиндирго лъай бук1инч1ев Х1ассан – бассирица босана нус – нус шапакъатаз борцунареб напсияб бергьенлъи: гьабулеб х1алт1и камиллъизе х1ажатаб лъай босана отпускалде инч1огун, каникулал лъайч1огун. Нужецаго хал гьабе.
1949 соналъ лъуг1изабуна Хасавюрталъул педучилище;
1953 соналда учительзабазул институт лъуг1изабун щвана физикаялъул ва математикаялъул учителасул махшел;
1958 соналда лъуг1изабуна Совпартшкола ва цадахъго лъуг1изе гьабуна педагогазулаб институталъул историялъулаб факультет;
1964 соналда лъуг1ана Т1адег1анаб Москваялъулаб партшкола.
Щиб гьабизе гьаб молодасан вахарав фронт ч1амарав миякьосев? Гьабулеб х1алт1улъ камиллъи бук1ине, бук1инесеб г1умруялда г1акъилал ц1алдохъабигун ва пишацоялгун дандч1вазе. Районалъул чанго школазул директор, лъималазул. Рукъалъул нухмалъулев, районалъул лъайкьеялъулаб отделалъул заведующий, райисполкомалъул председателасул т1оцевесев заместимтель – гьел киназдаго  Х1ассан – бассирица тана рихьулел лъик1ал лъалк1ал.
Ват1аналъе х1ажат рук1ана росдал маг1ишаталъе бокьун нухмалъи гьабулел кадраби ва Айдемиров ана «Сулахъ» клхозалъул председательлъун. Гьенив х1алт1ана 6 сон рик1к1уна бищунго рак1 разиялъун, жамаг1аталъе хъулухъ гьабураллъун.
Шапакъатал камун бах1арчи гьеч1о: «Орден Отечественной войны» (1 дар), «Баг1араб ц1ва», орден «За отвагу», «За победу над Германией», «За взятие Берлина», «За освобождение Праги», «За оборону Кавказа» ва жеги г1емерал цогидал медалалги.Гьел киналго нилъеда байрамалъул къояз цин рихьуларо, амма гьел рихьизе х1ажат буго Ц1обокь – Миякьо росдал г1олилазе гурониги Салатавиялъул киналго росабазеги. Иншааллагь, гьединаб бербалагьиялъулаб къоги бач1ина.
Кидаго нилъеца г1олилазда даг1ба бала, багьанаби рик1ула. Дунги гьедин вук1уна ан. Амма араб соналъ Дагъистаналъул г1олилаз къо борхараб куцалъ воххизавуна. Нижер г1олилаз оборона ккураб куц академияздацин малъулареб батила. Херав дунцин т1аде вахъинавуна ярагъ балагьизе. Сундаго барахщич1о, кутакалда воххана муг1рузда ругел Салатавиялъул росабазул гъункиялдаса, умумузул гьунар такрар гьабиялдаса.
Миякьо ГЭСалда дежурствоялда вук1арав дир васас бицана, сардилъ бандитал рач1ун жидер кьвагьи ккедал, Дилимазул къукъа сардилъ саг1ат к1игоялда, бет1ералда Г1амиргун, жиде кумекалъе рач1анилан. Гьелъ бицуна васалги умумузда релъарал рук1ин, ц1одорлъи кидаго бук1ине кколеблъи - ян рек1елъ ч1ух1игун лъуг1изе толеб буго херав ветеранас ц1алдохъабазде рит1арал кагътазда.
Щулияб сахлъи дуе, наслабаздаса вохун хут1аги, харабазул кьеразулъ гвангъараб ц1валъун мун вихьи нижер кидагосеб мурад буго.
Т1адег1анав Аллагьасе лагълъи гьаби кидагосеб рохеллъун ва чара гьеч1еб х1ажалъилъун дуе лъугьаги.


ГЬАЗ  ЯХ1АЛЪУЛ РАЧЕЛ  ЧУЧИЗЕ  ТЕЧ1О.
стр. 116.
1941 соналъул 22 июналъ бук1а – бук1алъан фашистазул Германия т1аде к1анц1иялъ хиса – басиял ккезаруна Буртунай росдал жамаг1аталъул парахалъиялда бук1араб г1умру – яшавалда. Ват1аналде т1аде къо ккедал нахъег1ан къан ч1ч1еч1о росуцоял. Росулъа 320 чияс сапар бухьана рагъул майдабазде. Гьез росулъ тана г1олохъанал руччаби, г1исинал лъимал, херал эбел – эмен. Рагъде аразул 125 яв вук1ана жеги рукъалде руссинч1ел. Рагъдаса т1адвуссинч1о 143 чи.
Мустах1икъаб бут1а буго буртабазул тушман щущахъ виххизавиялъулъ. Вах1шияв тушмангун гьабулеб рагъулъ умумулъанго бач1араб бихьинчилъиялъеги нахъекъай гьеч1олъиялъеги рит1ухъаллъун хут1ана дир росуцоял. Гьезул микьгояв (Б. Мидиев, Х1. Ганжаханов, М. Х1ажиев, М. Ахкубеков, М. Гъолоев, Р. Уладиев, И. Г1алиев, Н. Г1умаров) мустах1икълъана пачалихъалъул бат1и – бат1иял орденазе.
Нус – нус чи фронталде аниги, ях1алъул рачел чучизе теч1о росдал руччабаз, лъималаз, гьеб зах1мат бук1аниги х1ехьана т1аде бач1араб къо хилилъич1о маг1арулазе хасиятаб ях1 – намусалъе, къо – ккедал цоцахъе квербегьиялъе ва х1алае рахъиналъе. Газеталъул гьурмазда бак1 г1олебани росдал нус – нус ч1ужу г1аданалъул щияй мустах1икъай йигоан гьанир ц1арал рехсезе.
Къаси – къад мех бат1а гьабич1ого гьел х1алт1ана колхозияб маг1ишаталдаги, гьелдаго цадахъ тарбия кьун г1езаруна хадусан жидерго бихьинчиял умумузул ишазе рит1ухъаллъун хут1арал лъимал. Рак1 – рак1алъулаб баркала буго гьезие.
Соналдаса – соналде нилъеда гъорлъа унел руго к1удияб Ват1анияб рагъул бах1арзал. Рагъдаса росулъе т1адруссун рач1арал 176 рагъухъанасул жакъа ч1аго руго г1иц1го анлъгояв. Гьезулги ункъгояв вуго бусадаса рахъине к1оларел.
К1удияб Бергьенлъи босаралдаса 55 сон аниги гьанжесеб г1елалда к1очон гьеч1о росуцоязул бах1арчиял ишал.
                Сурхай Тимиев, г. «Чапар». 08.05.2000 с.  К1удияб Ват1анияб рагъул инвалид, Буртунай росу. 


ТЫЛГИ  К1ИАБИЛЕБ  ФРОНТЛЪУН  БУК1АНА.
стр. 117.
Рух1алда барахщинч1еб х1алт1и гьабуна районцояз фронталъе кумек гьабизе, бергьенлъиялъул къо г1агар гьабизе. Районалдаса 2376 чиясе кьуна «1941 – 1945 соназул К1удияб Ват1анияб рагъулъ багьадураб зах1маталъе г1оло» медаль 42 чи мустах1икълъана Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамоталъе.
ВКП(б) ялъуо обкомалъул ва Совнаркомалъул «Дагъистан тушманасе бахъизе к1олареб хъалалъун лъугьинабизин» абураб ах1иялъул рахъ ккуна районцояз. Рагъулал щулалъаби раялда х1алт1ана 2000 ялдаса ц1ик1к1арал бихьиналгун руччаби. Гьезул 677 яв мустах1икълъана «Кавказ ц1униялъе г1оло» медалалъе.
Рагъул соназда колхозаз ва районалъул г1адамаз пачалихъалъул фронталде кьуна 2650 тонна т1ощалил, 2500 тонна гьанил, 122 тонна нахул, 440 тонна квасул, 8500 тонна картошкадал ва г1емераб цогидаб продукцияги.
1944 соналъул 12 июналъ «Дагъистаналъул правда» газеталда бахъана районалъул херазул ва колхозниказул Дагъистаналъул т1олалго зах1матчаг1и фронталъе гьабулеб кумек ц1ик1к1инабизе ах1араб хит1аб.
Рагъул соназ х1алт1улъ бихьизабураб багьадурлъиялъе г1оло Ворошиловасул ц1аралда бугеб колхозалъул правлениялъул председатель Нурх1амза Г1умаханов мустах1икълъана «Х1урматалъул Г1аламат» орденалъе гьебго колхозалъул вехь Сахиев Айдемирин абуни «Зах1маталъул Баг1араб байрахъ» орденалъе.
Фронталде т1ощел х1адур гьабиялъул план ц1ик1к1унги т1убазабиялъе г1оло Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденалъе мустах1икълъана ВКП (б) ялъул райкомалъул т1оцевесев секретарь Х1асан Мух1амаев, райисполкомалъул председатель Г1абдукъадир Х1ажиев  ва райземминзаг Шамсудин Шапиев.
Обороналъул фронталде районалъул зах1матчаг1аз кьуна 415 азарго гъурущ, «Дагъистаналъул колхозник» танказул колонна г1уц1изе бак1арана 220 азарго гъурущ М. Х1ажиевасул ц1аралда бугеб бронепоезд базе 350 азарго гъурущ. Районалъул пионераз «Юный пионер» 17 азарго гъурущ.
Районцояз шефлъиялъулаб кумек гьабуна Мах1ачхъалаялда ва Буйнакскиялда ругел рагъулал госпиталазе.
Хубаралдаса ункъго фронтовикасул вац Арсланбеков Ибаца живго бет1ергьанаб 63710 гъурущ кьуна танказулаб колонна ва авиаэскадрилья разе. Гьединго гьес фронтовиказул хъизабазе кьуна 426 кг. Ц1оросорал, 81 кг. Ролъул ва 16 г1иял т1ехь.
Механизатор Г1амиров Закаряца обороналъул фронталде кьуна 12 азарго гъурущ ва 23500 гъурущалде хъвана пачалихъалъул заем, Мух1амадова Жариятицайин абуни кьуна 2000 гъурущ ва 1500 гъурущалде хъвана пачалихъалъул заем.
ВКП (б) ялъул райкомалъ секретарал Х1ажиев Г1абдукъадир, Байсунгъуров Идирис, Мух1амаев Х1асан ва райисполкомалъ (председателал Мух1амадова Жарият, Байсунгъуров Х1ажи) щибаб къойилаб х1алт1и гьабуна т1адлъурал халкъияб маг1ишаталъул планал т1уразаризе районалъул зах1матчаг1и рихъинаризе, фронталъе гьабулеб кумек ц1ик1к1инабизе.
Районалъул комсомолорганизация (т1оцересел секретарал Дибиров Мух1амад, Г1амиров Х1абиб, Х1ажиев Г1иса, Саг1идов Х1ажи) К1удияб Ват1анияб рагъул соназда гьабураб мисалияб мобилизационнияб ва г1уц1иялъулаб х1алт1уе г1оло мустах1икълъана ВЛКСМалъул обкомалъул Баг1араб Байрахъалъе.
Районалъул росдал маг1ишаталъул штаблъун бук1ана райисполкомалъул председателасул заместитель Х1амзатов Мух1амадица бет1ерлъи гьабулеб райземотдел. Гьенир сордо – къо бат1а гьабич1ого х1алт1ана Хизир Халкечев, Яков Крятенко, Феодосия Никифорова, Атав Хасбулатов, Расул Идрисов.
К1удияб бергьенлъиялъул жидерго бут1а лъуна интеллигенциялъ. Сахлъи ц1униялда х1алт1ана Тимофей Теряник (райздравоотделалъул зав.) Эсфиро Снипильская, камил Идрисов, Зоя Эртуганова, Екатерина Черепова, Татьяна Чернова, почалъул радио – телефоналъул ва телеграфалъул бухьен жидаго ч1езабун бажарана Сергей Напалковасухъа, Наби Х1асановасухъа, Г1изаравЭльбулатовасухъа, Прасковья Усовалъухъа, Мимулат Г1усмановасухъа, Хавлат Абувалухъа, Таибат Зайналг1абидовалъухъа ва г1емерал цогидазухъаги.
Рагъул соназ гьоркьоб къот1ич1о г1олеб г1елалъе лъайкьеялъул х1алт1иги. Гьале лъай кьеялда х1алт1арал цо – цоязул ц1арал: Г1изудин Х1ажиев, Багьавдин Казуев, Татьяна Зозулья, Татьяна Вавулина, Ольга Нуцалова, Наби Мух1амадов, Х1ажи Садикъаев, Хадижат Х1айбаева, Башир Уладиев, Умайгьанат Мух1амадова, Сатира Сатираев, Расул Айгумов, Пат1имат Абакарова, Г1абдулкарим Ах1мадов, Айзай Шапиева, Зайнудин Мух1амадов, Жами Сайгитбат1алов, Мух1амад Салатгереев, Байбулат Занкиев ва цогидалги.
Халкъияб лъайкьеялъулъ щварал ц1акъго лъик1ал х1асилазе г1оло райОНОялъул заведующий Камилбег Нуцаловасе лъабго нухалъ кьуна ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул Грамотаби.
Рагъул киналго соназ районалда ч1езабун бук1ана мисалияб г1адлу – низам. Районалъул территория тушманасул жасусаздаса, хъачагъазул къокъабаздаса ц1уни, диверсантал ва дизертирал рач1ин гьукъимурадалда г1уц1ун бук1ана 65 чи гъорлъе унеб истрабительнияб отряд. Гьелъие нухмалъи гьабуна Г1амир Г1абдулат1иповас, Г1иса Г1умаровас, Г1абдулгъапур Г1абдулгъапуровас.               
Редактор Г1.З. Салих1ов.

ГЬАЛ  КИДАГО  К1ОЧЕНЕ  ГЬЕЧ1О.
стр. 117.
Гитлерал фашизмалде данде гьабулеб рагъ т1олабго Советияб халкъалъе лъугьана ват1анияблъун. Нилъер районалда нагагьабги батиларо рагъде, ялъуни тылалда т1орит1улел х1алт1абалъе жигараб г1ахьаллъи гьабич1еб хъизан. Гьезул киназулго ц1арал рехсезе ккани газеталъул ункъабго гьумерги г1еларо. Гьединлъидал нижеца гъоркьехун рахъулел руго К1удияб Ват1анияб рагъда 3 – 4 хварал, яги г1ахьаллъи гьабурал хъизабазул ц1арал.


К1удияб Ват1анияб рагъдаса т1адруссинч1о.
Дилималдаса Г1умаровазул 4 вац: Жигарав, Х1амзат, Х1ажияв, Насир.
Ц1обокьа Беркихановазул 4 вац: Г1абдурах1ман, Г1абдулах1ит, Камил.
Хубаралдаса Арсланбековазул 3 вац: асадула, Султанг1али, Аса (ункъабилев вац Чупалав т1адвуссана инвалидлъун) каранда «Реццалъул орденгун»; Атаевазул 3 вац: Шарапдин, Низамудин, Мух1амадрасул; Г1адуевазул3 вац; Х1ажи, Мух1амад, Мансур.
Ичкаялдаса Байрамг1алиевазул 3 вац: Иманг1али, Г1адил, Аскерхан. 
Буртунаялдаса Магьдиевазул 3 вац: Идрис, Ах1мад, Мах1амад; Сагитовазул 3 вац: Сагитт, Мусса, Юсуп; Гереевазул 3 вац: Абубакар, Г1абдула, Ама.
Гъозталаялдаса Шираздиновазул 3 вац: Г1абдулманап, Г1абдулг1азим, Басир.
Алмахъалдаса Г1абасовазул 3 вац: Забит, Зулумхан, Магьдихан; Насрудиновазул 3 вац: Шагьрудин, Хайрудин, Гьашим; Х1асановазул 3 вац; Гъанбулат, Г1умар, Улубий; Хаматовазул 3 вац: Самад, Г1абдулмалик, Халипав.
Г1амирг1алиев Набиев ва гьесул  вас Г1алисултан.
Г1ассияв тушманасде данде бах1арчилъиялда рагъана: Алмахъалдаса 3 вац; Къадиевал (Г1абдулсаг1ит, Г1адилгерей, Забит), Салмановазул 3 вац; Мух1амадкамил, Саг1ит, Карим, Гуниялдаса 3 вац; Булачевал (Мух1амад, Г1абас, Г1алисултан), Г1исаевазул 3 вац; (Х1ажи, Мух1амад, Имамирза), Буртунаялдаса Г1адиевазул 3 вац (Мух1амад, Г1абдулат1ип, Зайнудин), Г1алиевазул 3 вац (Ибрагьим, Асх1аб, Зирал), Уладиевазул 3 вац (Сулайман, Расул, Башир), Иххаса Мух1амадовазул 4 вац (Абук, Х1асан, Г1абдубашир, Мух1амирза), Дилималдаса Мутуевазул 4 вац (Мустафа, Зарбудин, Г1айнудин, Абулав), Темирбулатовазул 3 вац (Мух1амадх1абиб, Мух1амадмансур, Халит), Улубиевазул 3 вац (Мух1амадг1али, Х1айбула, Деги), Миякьоса Угуевазул 3 вац (Камил, Хасбулат, Наби), Ц1обокьа Исламовазул 3 вац (Расул, Шарапудин, Тажудин).
Тушманасухъ асирлъиялдаса хвел т1аса бищун партизаназул отрядазда рагъана Дилималдаса Абакаров Ама (Х1анмух1ама), Буртунаялдаса Г1алиев Асх1аб, Ичкаялдаса Гъойтукъаев Х1ажи.
Г. «Чапар» 08.05.2000с.


ГЬАЗ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО К1ВАНАГ1АН Г1АГАР ГЬАБУНА.
стр. 118.
К1удияб бах1арчилъи бихьизабуна Салатавиялъулаз К1удияб Ват1анияб рагъул кьог1ал майдабазда. Гьел хилилъич1о жидерго умумузул бихьинчиял ишазе.
Гертмаялдаса Г1абдулаев Мух1амад нахъекъай гьеч1ого къеркьана Смоленскиялда ва Москваялда гъоркь. Белоруссия, Варшава, Бахъбаккул Пруссия эркен гьабиялъе рагъазулъ. Гьесул рагъулаб нух к1одо гьабун буго «Баг1араб Байрахъ» ва к1иго «Баг1араб Ц1ва» орденаз «Бах1арчилъиялъе г1оло» ва «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медалаз.
Х1ажигороев Х1ажигоро жиндиего бокьун рагъде анна 1941 соналъул 17 июлалъ. Гьес бихьинчилъи бихьизабуна Керчалъе г1оло карал рагъазулъ, г1ахьаллъи гьабуна Прибалтика эркен гьабиялъе. Батареялъул комиссар, капитан Х1. Х1ажигороевасе кьуна Александр Невскиясул орден «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медаль.
Взводалъул командир лейтенант, Гуниялдаса Муслимов Вагьид Керчь босиялъе г1оло мустах1икълъана Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орденалъе, Сапун – Гора босиялъе йин абуни «Баг1араб ц1ва» орденалъе.Буртунаялдаса роталъул командир Мидиев Батирхание т1оцебесеб рагъулъго кьуна «Бах1арчилъиялъе г1оло медаль, хадусанин абуни К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул ва «Баг1араб Ц1ва» орденал.
Ц1обокьа Дарбишев Исмаг1илх1ажица нахъе тана курсантасдаса полкалъул командирасул заместителасул хъулухъалде щвезег1ан рагъулаб нух. Майор Дарбишев мустах1икълъана Ват1анияб рагъул 1 ва 2 даражаялъул орденазе.
Алмахъалдаса снайпер Жансуев Шайихмух1амадица ч1вана 97 фрицав. Гьесие кьуна Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден.
Дилималдаса Шарабудинов Ансарияв арзаги кьун рагъде анна 1943 соналъул 23 марталъ. Гьес командирлъи гьабуна кьвагьдохъабазул взводалъе. К1удияв лейтенант Шарабудинов  мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе.
Ихха росулъа минометазул взводалъул командир Сайдула… Зубайри Моздокалъул рахъалъ карал рагъазулъ мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе.
Дилималдаса фронталъул разведчик, лейтенант Абубакаров Васако фашистазде данде рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло мустах1икълъана «Баг1араб ц1ва» орденалъе. Васако ч1вана 1945 соналъул февралалда.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло СССРалъул орденазе мустах1икълъана.
Дилималдаса:
Байханов Ражаб – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Мух1амадов Х1асангилав – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Бишиев Х1айбула – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Темирбулатов Мух1амадх1абиб – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Абубакаров Васако – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Абубакаров Г1абдуразакъ – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Абуязидов Мух1амад – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Насрудинов Г1айнудин – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Алхулаев Рашитхан – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Шарабудинов Ансарияв – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Буртунаялдаса:
Мидиев Батирхан – «Баг1араб Ц1ва» ва Реццалъул 3 даражаялъул орденал.
Г1алиев Ибрагьим – 2 орден «Баг1араб Ц1ва».
Уладиев Расул – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Ахкубеков Мух1амад – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Гъолоев Мухтар – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Г1умаров Надирбег К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден.
Х1ажиев Мах1муд – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Ганжаханов Х1абиб – «Баг1араб Ц1ва» орден.

Хубаралдаса:
Дадаев Муртазг1али – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Арсланбеков Чупалав – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Нажуев Разакъ – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Алмахъалдаса:
Жансуев Шайихмух1амад - К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул ва Монголиялъул орденал.
Г1умаров Паша – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Г1алих1ажиев Сайпудин – «Баг1араб Ц1ва» ва Реццалъул 3 даражаялъул орденал.
Г1исах1ажиев Батимирза – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Абакаров Ах1мад – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Г1абдулаев Насрула – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Асланханов Нугъаймирза – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Иххаса:
Абакаров Шамсулвара – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Х1амзаев Г1абдурах1ман – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Сайдулаев Зубайри – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Гуниялдаса:
Х1ажигороев Х1ажигоро – Александр Невскиясул орден.
Гьит1инов Иразихан - К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден.
Муслимов Вагьид – «Баг1араб Ц1ва» ва Реццалъул 3 даражаялъул орденал.
Базаев Къурбанг1али – «Баг1араб Ц1ва» ва Реццалъул 3 даражаялъул орденал.
Х1айбулаев Эме - К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден.
Абусинов Мух1амад – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Исламов Арсланбег – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Валиев Гъойтемир – Реццалъул 3 даражаялъул орден.
Ц1обокьа:
Дарбищев Исмаг1илх1ажи - К1удияб Ват1анияб рагъул 1 ва 2 даражаялъул орденал.
Мажидов Мух1амад – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Г1абдулмуслимов Расул - К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орден.
Гертмаялдаса:
Г1абдулаев Мух1амад – «Баг1араб Байрахъ» ва «Баг1араб Ц1ва» орденал.
Мух1амирзаев Муса  – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Гъозталаялдаса:
Идрисов Дада – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Миякьоса:
Айдемиров Х1асанбасир – «Баг1араб Ц1ва» орден.
Г. «Чапар»


АЛМАХЪАЛДАСА  БАХ1АРЧИ.
стр. 118.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ ч1варазул ва нахъруссинч1езул рак1алде щвеялъул т1ехьалда руго гьадинал мухъал: «Г1алиасх1абов Гъазимух1амад 1924 соналъ Алмахъ росулъ гьавурав, красноармеец, 3 армиялъул 121 гвардиялъулаб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1148 полкалъул мухъилав кьвагьдохъан. Чванна рагъулъ 1944 соналъул декабралда. Вукъун вуго Орлов областалъул Акульчинский районалъул Слобода кулиялда», ян.
Гъазимух1амад Баг1араб Армиялъул кьеразулъе ана 1942 соналъул гьанжего гьанже 18 сон т1убараб г1ужалъ. Росуцояз бицуна гьев бихьинчияв хасияталъул, къуватав г1олохъанчи вук1анин. Баг1арав партизан Г1алиасх1абил ва гьесул лъади Зулайхатил васасе рагъдаса нахъвуссаравго бертин гьабизе бук1араб анищ т1убазе хъван гьеч1еб бук1ун буго Бет1ергьанас. Маг1уялъ ц1урал бералгун балагьулаан зама – заманалда Зулайхат Гъазимух1амадил къадалда бан бугеб сураталъухъ, гьебгун чучулаан жиндирго рек1ел рух1ел ва ургъел.
Гьадин бицуна Гъазимух1амадгун цадахъ хьибилцун вагъула вук1арав Алмахъалдаса Зайнудин Далиевас: «Гъазимух1амадги, дунги цин снайперазул курсазда ц1алана. Хадур нижехъе танкабазде кьвагьулел тунк1ал кьуна. 1943 соналъул ихдал, Сталинградалдаса тушман вачахъун хадуб гьесда кьабиги щвезабулаго церехун унел рук1ана. Цо къоялъ ккана г1асияб рагъ. Тушманасул танкал церехун риччангурт1изе буюрухъ кьуна ниже. Ах1т1он раг1унеб манзилалъ дидаса рик1к1ад гьит1инабго окопалъув вук1ана Гъазимух1амад ва гьесул к1иабилеб номер нижер росулъа Гъайирбег Хасбулатов. Дун цо г1олохъанав г1урусасул к1иабилеб номерлъун вук1ана. Аск1обег1анги биччан лъабго танк бух1изабуна Гъазимух1амадица. Рак1алда буго, щибаб танк бух1анщинахъе вахъун ах1долев эхе – эхеде к1анц1олев вук1ана нижер батальоналъул командир «Молодец, Алиасх1абов, Давай , давай!» ян ах1улеб бук1ана гьес.
Ункъабилеб танк нижеда, т1аде бач1унеб бук1ана. Гьеб ц1акъго г1агарлъараб мехалъ дица «кьвагье! Щай ч1ун вугев?» янги абун гьалмагъасул хьолбода зартункана. Гьес кьвагьана, амма танк ч1еч1о. Гьеб нижеде т1аде бач1унеб бук1ана. Гьалмагъ г1едег1ун вугоан ишан босизе. Танкалъул х1ара г1одобеги биччан, нижедехун буссинабуна. Гьеб мехалда Гъазимух1амадил окопалъусан кьвагьи бахъана. Нижеде т1аде бач1ина бук1араб танкалъул башня агъалде сверараб г1адин цогидаб рахъалдехун буссана ва нижее х1адурараб кьвагьи Гъазимух1амадил окопалда щвана.
Ункъабилеб танкалда ц1а рек1ана. Цинги дир гьалмагъасул бох лъукъана. Мугъзада гьевги лъун дун нахъехун хъурщана. Рагъул саскъот1идал дове арав дида Гъазимух1амад ва Гъайирбег ч1ван ратана. Гьеб къоялъ нижеда цадахъ рук1ана Алмахъалдаса г1олохъаби: Анас Шагьилаев, Насрула Арсланмирзаев, Къурбанав уцалханов, Адильгерей Къадиев. Гьезул цонигияв рагъдаса т1адруссинч1о.
                «Гьудуллъи» журнал 1984 сон. Къокъ гьабун босараб.


КАВКАЗАЛЪЕ  Г1ОЛО  РАГЪАНА.
стр. 118.
Хубаралдаса Исх1акъов Г1абдубасир гьавуна 1918 соналъ. Г1умруялъул 23 соналде вахарав Г1абдубасир Баг1араб Армиялъул кьеразулъе ах1ана Фашистазулаб Германия нилъер Ват1аналде  т1аде к1анц1иялъул х1инкъи бугел къояз, 1941 сонил 25 маялда.
Гьеб заманалда щула гьарулел рук1ана пачалихъалъул бакът1ерхьул г1орхъаби. Исх1акъовас хъулухъ гьабулеб рагъулаб часть рехана бакът1ерхьул Украиналъул Ровеналъул областалде. Гьениб ц1ияб бак1алда рагъде х1адурлъулеб заманалда, рак1алдаго гьеч1ого Советазул Союзалде т1аде к1анц1ана Фашистазул Германия, байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ.Тушманасул къуват нилъералдаса г1емерго ц1ик1к1араб бук1иналъ Баг1араб Армия, фашистазе ч1ах1иял камиялги ккезарулаго, х1ажатаблъун ккана бакъбаккудехун нахъе къазе.
1942 сонил риидал Украиналъул Краматорск шагьаралдаса Исх1акъовас хъулухъ гьабулеб рагъулаб часть бит1ана Грузиялъул Хашура шагьаралде хадубккун рагъуе куцазе. Гьенив 23 кьвагьдохъабазул полкалъул  кьеразулъ Г1абдубасир вит1ана гьит1инал командирзаби х1адурулел курсазде ц1ализе. Амма ц1али гьоркьоб къот1изабун, кват1ич1ого киналго курсантал рехана Сталинградалъул фронталде. Гьениб к1иго моц1алдаса ц1ик1к1араб заманалъ Исх1акъовас Г1ахьаллъи гьабуна г1асиял рагъазулъ.
Баг1араб Армиялъ Сталинград тушманасухъе кьеч1о, гьениб хвалилаб кьаби щвезабуна Европаялдасан маршалда хьвадарараб къингьеч1еблъун рик1к1унеб бук1араб немцазул 6 абилеб армиялъе. Исх1акъовасда рихьана асир гьарун нилъер рагъухъабаз цере къот1ун унел гьеб армиялъул командующий фельдмаршал Паулюс ва штабалъул начальник генерал – лейтенант Шмидт.
Гьебго заманалда х1алуцарал рагъал унел рук1ана Севералъулаб Кавказалда. Рагъулабгун – Грузиялъул нухдасан Исх1акъовасул часть рехана Кубаналде. Немцаз к1удияб рагъулаб къуват бак1арун бук1ана Краснодаралде сверухълъиялде ва г1асияб данде ч1ей гьабуна. Армавир шагьар тушманасухъа бахун хадуб байбихьана Краснодар эркен гьабиялъе г1оло гьужумалде.
Самолетазул гьаракьги г1арадазул кьвагьиги релъеда – къад гьоркьоса къот1улеб бук1инч1о. Нилъер рагъухъабаз тушманасул дандеч1ей бекизе гьабуна. Гьеб рагъулъ Краснодаралъул аслияблъун кколеб «Красная» къват1алда Г1абдубасир зах1матго лъукъана. Лъукъараб бох сах гьабизе 6 моц1алъ вегизе ккана госпиталалда. 1943 сонил 31 июлалда комиссиялъ инвалидлъун гьавурав гьев т1адвуссана росолъе каранда «Багьадурлъиялъе г1оло» ва «Рагъулал гьунаразе г1оло» медалалгун.
Гьедин къокълъана бах1арчияв рагъухъан Г1абдубасир Исх1акъовасул рагъулаб нух.
Гьоркьоб заманго инч1ого Г1. Исх1акъов росолъ вищана сельсоветалъул секретарьлъун, амма гьеб х1алт1уда халат хут1ич1о. Гьесул анищ бук1ана муг1алимлъун вахъине. Гьев заочно ц1ализе лъугьана Хасавюрталъул педучилищеялде. РайОНОялъ гьев вачана Хубаралъул 7 сонил школалде х1алт1изе.
Исх1акъовасухъа бажарана лъималазе щулияб лъай кьезе, гьесул класс кидаго мисалияблъун бук1ана республикаялдаго цебет1ураблъун рик1к1унеб Хубар росдал школалда. Гьев мустах1икълъана Грамотабазе ва школалъул дирекциялъул рахъалдаса баркалаялъе. Амма рагъулъ лъукъараб бохалъ квал – квал гьабулеб бук1ана вахъун ч1ун дарсал кьезе. Г1. Исх1акъовас х1укму гьабун х1алт1и хисизе, гьев ц1ализе лъугьана Буйнахъскиялъул ветеринарияб техникумалде. Техникумалда фельдшерасул махщел щварав Г1абдубасир  г1емерал соназ пенсиялде инег1ан х1алт1ана ветеринарияб пункталда. Г1абдубасирил бук1инч1ин абизе бегьула чодаса решт1араб заман.
Гьесул х1алт1иялдаса разиял рук1ана Гуни, Гертма росабазул г1адамалги. Гьесухъа бажарана г1и – боц1и хвей, унтаби дагь гьаризе ва гьелъ кьолеб продукция ц1ик1к1иналъе квербакъи гьабизе.
Х1ухьбахъиялде ун хадубги Г1. Исх1акъов т1ат1ала квераллъун ч1еч1о. Гьес г1емерал соназ бет1ерлъи гьабуна школалъул умумузул комитеталъе. Школа 10 соналъ цогиги лъимер гъоркь теч1ого х1алт1иялъулъ мустах1икъаб бут1а лъуна Исх1акъовас.
Инсул нухдасан ана Г1абдубасирил лъималги. К1удияв вас Баймирзаца лъуг1изабуна университеталъул историялъул факультет. Хадусев вас Садрудин вахъана врачлъун. Гьоркьохъев вас Мух1амадрасулица лъуг1изабуна пединституталъул географиялъул факультет. Ункъабилев вас Абакарица лъуг1изабуна университеталъул физикаялъулгун математикаялъул факультет. Яс Бикаца лъуг1изабуна росдал маг1ишаталъул техникум.
Гьанже Г1абдубасир Исх1акъовас хал гьабулеб буго жинцаго 82 соналъ нахъа тараб г1умрудул нухалъул. Гьев ч1ух1ула гьелда жаниб ч1ег1ераб г1анк1 гьеч1олъиялдаса, кидаго Ват1аналъе ва халкъалъе риг1ухъавлъун вук1иналдаса.
               
  Расул Идрисов. 19 июнь 2000 с. г. «Чапар» №25. 2 гь.          


Рецензии