Алмак - тыл как второй фронт

ТЫЛГИ  К1ИАБИЛЕБ  ФРОНТЛЪУН  БУК1АНА.

стр. 117.
Рух1алда барахщинч1еб х1алт1и гьабуна районцояз фронталъе кумек гьабизе, бергьенлъиялъул къо г1агар гьабизе. Районалдаса 2376 чиясе кьуна «1941 – 1945 соназул К1удияб Ват1анияб рагъулъ багьадураб зах1маталъе г1оло» медаль 42 чи мустах1икълъана Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамоталъе.
ВКП(б) ялъуо обкомалъул ва Совнаркомалъул «Дагъистан тушманасе бахъизе к1олареб хъалалъун лъугьинабизин» абураб ах1иялъул рахъ ккуна районцояз. Рагъулал щулалъаби раялда х1алт1ана 2000 ялдаса ц1ик1к1арал бихьиналгун руччаби. Гьезул 677 яв мустах1икълъана «Кавказ ц1униялъе г1оло» медалалъе.
Рагъул соназда колхозаз ва районалъул г1адамаз пачалихъалъул фронталде кьуна 2650 тонна т1ощалил, 2500 тонна гьанил, 122 тонна нахул, 440 тонна квасул, 8500 тонна картошкадал ва г1емераб цогидаб продукцияги.
1944 соналъул 12 июналъ «Дагъистаналъул правда» газеталда бахъана районалъул херазул ва колхозниказул Дагъистаналъул т1олалго зах1матчаг1и фронталъе гьабулеб кумек ц1ик1к1инабизе ах1араб хит1аб.
Рагъул соназ х1алт1улъ бихьизабураб багьадурлъиялъе г1оло Ворошиловасул ц1аралда бугеб колхозалъул правлениялъул председатель Нурх1амза Г1умаханов мустах1икълъана «Х1урматалъул Г1аламат» орденалъе гьебго колхозалъул вехь Сахиев Айдемирин абуни «Зах1маталъул Баг1араб байрахъ» орденалъе.
Фронталде т1ощел х1адур гьабиялъул план ц1ик1к1унги т1убазабиялъе г1оло Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденалъе мустах1икълъана ВКП (б) ялъул райкомалъул т1оцевесев секретарь Х1асан Мух1амаев, райисполкомалъул председатель Г1абдукъадир Х1ажиев  ва райземминзаг Шамсудин Шапиев.
Обороналъул фронталде районалъул зах1матчаг1аз кьуна 415 азарго гъурущ, «Дагъистаналъул колхозник» танказул колонна г1уц1изе бак1арана 220 азарго гъурущ М. Х1ажиевасул ц1аралда бугеб бронепоезд базе 350 азарго гъурущ. Районалъул пионераз «Юный пионер» 17 азарго гъурущ.
Районцояз шефлъиялъулаб кумек гьабуна Мах1ачхъалаялда ва Буйнакскиялда ругел рагъулал госпиталазе.
Хубаралдаса ункъго фронтовикасул вац Арсланбеков Ибаца живго бет1ергьанаб 63710 гъурущ кьуна танказулаб колонна ва авиаэскадрилья разе. Гьединго гьес фронтовиказул хъизабазе кьуна 426 кг. Ц1оросорал, 81 кг. Ролъул ва 16 г1иял т1ехь.
Механизатор Г1амиров Закаряца обороналъул фронталде кьуна 12 азарго гъурущ ва 23500 гъурущалде хъвана пачалихъалъул заем, Мух1амадова Жариятицайин абуни кьуна 2000 гъурущ ва 1500 гъурущалде хъвана пачалихъалъул заем.
ВКП (б) ялъул райкомалъ секретарал Х1ажиев Г1абдукъадир, Байсунгъуров Идирис, Мух1амаев Х1асан ва райисполкомалъ (председателал Мух1амадова Жарият, Байсунгъуров Х1ажи) щибаб къойилаб х1алт1и гьабуна т1адлъурал халкъияб маг1ишаталъул планал т1уразаризе районалъул зах1матчаг1и рихъинаризе, фронталъе гьабулеб кумек ц1ик1к1инабизе.
Районалъул комсомолорганизация (т1оцересел секретарал Дибиров Мух1амад, Г1амиров Х1абиб, Х1ажиев Г1иса, Саг1идов Х1ажи) К1удияб Ват1анияб рагъул соназда гьабураб мисалияб мобилизационнияб ва г1уц1иялъулаб х1алт1уе г1оло мустах1икълъана ВЛКСМалъул обкомалъул Баг1араб Байрахъалъе.
Районалъул росдал маг1ишаталъул штаблъун бук1ана райисполкомалъул председателасул заместитель Х1амзатов Мух1амадица бет1ерлъи гьабулеб райземотдел. Гьенир сордо – къо бат1а гьабич1ого х1алт1ана Хизир Халкечев, Яков Крятенко, Феодосия Никифорова, Атав Хасбулатов, Расул Идрисов.
К1удияб бергьенлъиялъул жидерго бут1а лъуна интеллигенциялъ. Сахлъи ц1униялда х1алт1ана Тимофей Теряник (райздравоотделалъул зав.) Эсфиро Снипильская, камил Идрисов, Зоя Эртуганова, Екатерина Черепова, Татьяна Чернова, почалъул радио – телефоналъул ва телеграфалъул бухьен жидаго ч1езабун бажарана Сергей Напалковасухъа, Наби Х1асановасухъа, Г1изарав Эльбулатовасухъа, Прасковья Усовалъухъа, Мимулат Г1усмановасухъа, Хавлат Абувалухъа, Таибат Зайналг1абидовалъухъа ва г1емерал цогидазухъаги.
Рагъул соназ гьоркьоб къот1ич1о г1олеб г1елалъе лъайкьеялъул х1алт1иги. Гьале лъай кьеялда х1алт1арал цо – цоязул ц1арал: Г1изудин Х1ажиев, Багьавдин Казуев, Татьяна Зозулья, Татьяна Вавулина, Ольга Нуцалова, Наби Мух1амадов, Х1ажи Садикъаев, Хадижат Х1айбаева, Башир Уладиев, Умайгьанат Мух1амадова, Сатира Сатираев, Расул Айгумов, Пат1имат Абакарова, Г1абдулкарим Ах1мадов, Айзай Шапиева, Зайнудин Мух1амадов, Жами Сайгитбат1алов, Мух1амад Салатгереев, Байбулат Занкиев ва цогидалги.
Халкъияб лъайкьеялъулъ щварал ц1акъго лъик1ал х1асилазе г1оло райОНОялъул заведующий Камилбег Нуцаловасе лъабго нухалъ кьуна ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул Грамотаби.
Рагъул киналго соназ районалда ч1езабун бук1ана мисалияб г1адлу – низам. Районалъул территория тушманасул жасусаздаса, хъачагъазул къокъабаздаса ц1уни, диверсантал ва дизертирал рач1ин гьукъимурадалда г1уц1ун бук1ана 65 чи гъорлъе унеб истрабительнияб отряд. Гьелъие нухмалъи гьабуна Г1амир Г1абдулат1иповас, Г1иса Г1умаровас, Г1абдулгъапур Г1абдулгъапуровас.
                Редактор Г1.З. Салих1ов.


Рецензии