Алмак-голод военных лет
(На аварском языке)
Гьал нижеца хъвалел рагъулги рагъда хадур соназги ккараб ракъиялъул, зах1малъабазул, къварилъабазул лъазабиял ургъунго рак1арарал кколаро, гьал гьит1инаб къоялдаса нахъе умумузги лъалезги рицун лъарал руго. Х1акъикъаталда нилъер Дагъистаналда, маг1аруллъиялда г1емерал росабазда, авлахъазда, отаразда бихьанщиналъул бицун х1ал к1велищ, щибаб росдал буго жиндирго бечедаб таварих. Гьал нижер г1ага-божаразда рихьарал къокъалго эпизодаздалъун бич1ч1ине бегьула доб заманаялде нилъер ракьалда бук1араб кьог1аб, г1асияб х1ал…
Рагъ башлагьидал Алмахъалда бук1араб 4 колхозалъул цояб – Сталинил ц1аралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъун ва парторганизациялъул секретарлъун х1алт1арав Г1умарасх1аб Гъазиев \«Г1умру, мун макьилъиш дида бихьараб?». Мах1ачхъала. 2002 сон. гь. 122\ ва К1удияб Ват1анияб рагъда 1942-1943 соназ колхозалъул председательлъун вук1арав Жантемиров Исмаг1илил журналалда ругел хъвай-хъваг1алда рекъон Алмахъалдаса ун вуго азаргог1анасев чи \к1инусгояв добровольцаллъун Сталинградалде\, жакъасел къоязул ц1ех-рехалда рекъон гьениса ун руго 400 г1анасев чи, гьезул рашдал г1анасел чаг1и рагъулъ шагьидлъана. Бицунеб бук1унаан Казбек районалъул рагъде рит1улезул наряд ц1езабулаанилан Алмахъалдаса ц1ик1к1ун рагъде рит1иялдалъун. Щайин абуни, щай гурелъул: Алмахъал ц1акъ законалъухъ г1енеккарал руго церегоялдаса. Алмахъалда халкъги г1емер бук1ун, г1адамалги рукъзал ран цуцадаса ц1акъ дорег1ан рук1ун, 46 отар бук1ун буго, г1уц1ун бук1ун буго 4 колхоз: Ленинил, Сталинил, Октябралъул 25 сонил, Молотовасул. Армиялде, рагъде, канал бухъизе рит1улел рук1ун руго районабаздаса щибаб колхоз рик1к1ун. Гьединлъидал росолъ доб заманаялда цониги хъизан хут1ун батиларо рагъда т1аг1ун эмен, вац, рос, вас камич1ел. Довго Жантемиров Исмаг1илица журналалда хъвалеб буго гьадин: «1942-43 соназ колхозалда хурул х1алт1аби гьарич1ого, рорччалил къоязул г1емерлъиялъ, 18 соналдаса 55 сон базег1ан ругел бихьинал рагъде рит1ун руго, киса-кибего буго ракъи, г1емер чаг1и ракъиялъ ккарал унтабаз холел руго»…
Кваназе жо гьеч1олъиялъ ц1оросаролъил х1ок1 гьабихъ ххенон, гьелъул ханжу гьабулеб бук1ана, амма гьеб х1ок1ги бичун босизецин щун гьеч1о хадуб. Квание х1алт1изабун буго миккил ц1улакьоги. Цо дагьаб х1ат1ида вахъун ч1езе к1олев чи, рагъул х1ал щвеч1ел росабалъе ун ц1оросаролъул банкаялъухъ къоца бак1аб чурукаб х1алт1и гьабулеб бук1ун буго.
Колхозалда х1алт1улев чиясе къоца гьабураб х1алт1охъ къаде кваназе кьолеб бук1ун буго 1-2 ц1оросаролъул хинк1, унтун рокъов хут1арасе яги к1оларезе щиб квенха щвелеб бук1араб, гьединал г1емер хвана дол ракъол рагъулал рагъда хадусел соназ. Жидер г1адамазул къимат гьабич1огон, фронталъул «заготовкаялъе» бач1араб наряд ц1ик1к1унги т1обазабун т1ад ругезда жалго берцин рихьизе, гьеб бук1ана нилъер бут1рузул политика доб заманаялъ. Г1адамал хвеялъул, ракъиялъул жавабкъе бук1ун батиларо «заготовкаялъул» наряд т1обаралдаса нахъе.
Г1адамазул т1алаб гьаби бук1инч1о гьел х1акимзабазул. Колхоз Молотовалда первичная партийная организациялъ 30.10.1944 с. партиялдаса яхъизе х1укму гьабула расги г1айиб гьеч1ей Валиева Туайсат \ЦГА РД. Фонд №443. опись 1. Дело №102, параграф 5, гь.2\. Гьединги, гьелъул талих1алъ райком партиялъул бюроялда т1атуна гьей унтун йик1иналъ партийнияб собраниялде яч1ине к1веч1огон йик1ин. Гьединлъидал, бюроялда первичная организациялъул х1укму мекъабин ч1езабун, гьей партиялда тола.
Цогияб мисалги хъвазин жиб кинабго рахъалъан гьаб ц1алулесда лъазе.
Казбековский райком партиялъул бюроялъул х1укмаби ц1алидал бихьула буго \ЦГА РД. Фонд №443. опись №1, дело №102, гь. 8, параграф 25\ америкаялъул подаркаби абун кумекалъе халкъалъе бач1араб: пальтаби, костюмал, т1ажал, продуктал, квен-т1ех, халкъалъе бикьич1огон абун вахъун вуго х1алт1одаса гьелъул жаваб кьолев цо х1аким чи, гьесдила документал мекъалги гьарун кибе лъие кьураб лъазе теч1ого т1аг1инабун бугила америкаялъул подаркаби.
Цо херай ч1ужуялъ бицана къоца колхозалъул хурзабахъ х1алт1идал, кваназе хинк1ал щвеч1еб мехги бук1унаанила, къаде кваназе. Г1акдал чихъеройилан абулеб хер бахъизе рит1ун цо-к1игоялгон, гьеб г1ачияздаг1адин цебе балаанила кваназе жидеде…
Ихдал мич1ч1 берцин бижинег1ан толароанилан г1адамаца, кваназе бет1ун. Буге гьеч1еб т1ощел фронталде бит1ун, г1емер г1адамал ракъоца зая гьаризаруна.
Рагъул заманаялда колхозалда х1алт1ула йик1арай Меджидова Г1айишатица бицана Ц1ант1а маг1ардаса бахъараб чамалиго километраялъ Ахъташалъул раг1алда ч1арал солдатазул подводабазе баччулаанила мугъалдаги лъун картошкаялъул 15 кг бугел раччаби. Гьеб соналъ картошкани бук1анила кутакаб жо. Гьедин бугони щиб заготовкаялде бит1ун колхозниказе жо теч1илан.
Цо хасалил заманаялъ, бицана гьелъ, рит1анила жал г1азуда гъоркь бугеб хурзал рухъизе гьениб цо дагьабг1аги картошка батуларищан ц1орораб ракь бухъизе к1оларогон ц1акъ г1акъубаялда бухъизе кколаанила, цо картошкагицин гьениб бук1инч1ила, амма кинги гьеб хур т1олго бухъун ч1ег1ер гьабун гурони теч1ила жал бригадирас…
Рохьазда киса-кирего нухаздасан унел г1адамахъе кодоса жо бахъулел бандал рук1ун руго г1емер, цо рагъул соналъ бандазул яргъид г1уц1араб к1удияб къокъаялъ маг1арда колхозалъул чолониб бук1араб т1олго боц1и бикъун хъамун ана.
Хасавюрталде ун щибго кванил жо босун рач1унел г1адамахъа чуязда данде лъун гьел бандаз кодоса жо бахъулаан. Херал чаг1азухъа руччабазухъа. Гьезухъ щиб ха кодоб бук1унеб бук1араб, ракъоца хун гурт1изе сундухъ бугониги Хасавюрталда хисун щвараб т1ахьдидал банка…
Кизилюрталда командировкаялъ «СМУ-2»ялда вук1арав Камалодинов Пашаца бицана. Ракъиялъ хурдул кванан чахьалги гьорон г1емер чи хванила доб заманаялъ Алмахъалда. Живги яцалги ч1аго хут1анила эбелалъ белъун гурони хер кваназе тун гурт1иялъ.
Салих1ов Г1алица бицунаан, хер гурони кваназе жо гьеч1огон т1огьиллъун гьурмалгон, гьорон чахьалгон рук1унаанила г1адамал…
Рагъде умумул ун, гьел ч1ванилан извещение бач1аразул лъималазе «бит1ун» ккана, гьел интернатазде рит1ун рорч1ана ракъол хвелалдаса.
Холел чаг1азул г1емерлъиялъ, чи хвеялде ругьунлъун, гьеб т1асан борч1араб жолъун кколароанилан. Вукъизе чи гьеч1огон Алмахъалъул отаразда рук1арал чангоял т1алхиго хоб бухъун т1аде ракьги хъван хут1анилан бицуна Г1алица, ракь бухъизе къуват бук1инч1огон. Жаназаялда жемизе мусру лъилниги бук1инч1ила, бажарараз жаназаялъе гьеб хъах1 гьабун деби бахунаанила.
Гьединаб г1асияб куцалда алмахъазда кьаби щвана, рагъул соназ гуребги 1950абилел соназде щвезег1анги, киг1анго т1ощалил бак1 Алмахъ бук1аниги.
Россиялъул СМИялдасан г1емер бицана Лениградалда бук1араб блокадаялъул. Дагьаб цебег1ан Ленинградалдаса блокадникас бицун бихьизабулеб бук1ана жедеего къода жаниб кьолеб бук1араб чадил кесек, гьеб жидеца лъабие бикьизе кколеб бук1арабги радал, къад, къаси кваназе…
Гьединаб кесек чадил нижер росдал г1адамазе доб ракъол соназ щолеб бук1арабани, чан чида ракъодаса хвеч1ого рорч1илаан. Ролълъул чед дарулъун рик1к1унеб бук1ана унтарав чиясе, гьеб щвезе ц1акъ зах1матаб жо бук1ана…
Ленинградалда бук1араб блокадаялъул х1акъаулъ лъала т1олго дунялалда. Амма Дагъистаналъул г1емер бак1азулъ рук1арал ракъигун хвелазул гьанже ругел нилъерго г1адамаздацин бит1а-бишун лъалеб гьеч1о…
Нилъер умумузда бихьарабщинаб бицун хъванги х1ал к1оларо, гьеб хасаб таварих кола. Дагьабниги гьеб бич1ч1ине рес ккела гьал гъоркьехун нижеца хъвалел рагъде росалги, васалги ун жалго хут1ун рук1арал пакъирал руччабазул къисматазул ц1алани.
Х1АЙИБАТ ва ЗУЛАЙ.
Руччаби, херал чаг1и, дагьал рорч1арал лъимал, х1ат1ида рахъун ч1езе к1олел чаг1и колхозалъул хурире т1амулаан. Х1алт1изе кколаан радал рогьаралдаса канлъи къот1изег1ан. Унтун г1одор карал чаг1азухъ, г1исинал лъималазухъ балагьизе рокъор тун рес кколароан. Г1иси бикъинаб г1ун гут1и кканиги т1ил ц1ал кьабунги рухулаан. Гьаб саг1аталдаги хвеч1огон хут1арал тылалъул заманалдаго рагъ лъун хадубги колхозалда х1алт1ула рук1арал г1адамаз к1оченч1огон бицуна г1аданлъи хварал, щибниги г1адамасдехун рек1ел гурх1и бук1инч1ел бригадиразул ва гьезда т1адег1анал т1ад тарал х1акимзабазул - хъулухъ чаг1азул, гьезул бук1араб г1асилъиялъул…
Унтарай Х1айибатги цо къоялъ рокъой теч1огон х1алт1оде яхъинаюлаан. Ахирги рух1 лъварай г1адамалъ гьабизе жо т1аг1ун жиндирго карандаса горде ц1ан гьесда бихьизабун буго бигун рец1 чвахулеб керен. Гьеб мехалъ гурони гьей рокъой тун гьеч1о, к1иабилеб къоялъ хун ятун йиго гьей \Аллагьас мунагьал чураги гьелъул\…
Х1айибатил яц Зулайил рагъул заманаялда хун руго к1иго гьит1инлъиялдасан рорч1арал васал. Ахиралда хварав анц1ила щуго сонил г1умруялъулъ вук1арав гьесул жаназа анкьица букъич1огон хут1ун буго, гьеб букъизе чи хут1ич1огон. Гьев вас хведалгицин цо къоялъги рокъой тун гьеч1о Зулай, х1алт1изе хъамун.
94 сон барай Зулайица цебе бицунаан, ракъиялдасаги, доб зах1матаб х1алт1одасаги ургъел ц1ик1араб бук1анилан букъич1огон рокъоб жаниб бугеб жаназаялъул, гьеб букъич1огон жаний кьижиялъул. Ахирги анкьица колхозалда х1алт1ун щваралъул гьит1и-гьит1инаб гурони кванач1огон, рак1арарал кванил кескал хоб бухъизе к1олев цо чиясе кьун букъун буго Зулайил васасул жаназа, мусруялъул бак1алъ гьеб жаназаялда жемун буго рокъоб цо хут1араб басриябго т1ад балеб адиял…
ЗУБАЙДАТ.
Ракъигун зах1малъи, рагъда лъимал т1аг1иналъул къварилъи – кинабго гьеб щинаб жо тункич1огон хут1ич1о Зубайдатги. Зайгьанат Абубакаровалъ доб заман рак1алде щвезабун бицана, гьит1инай яс йигеб мехалда к1очонарила жидер мадугьалихъ йик1арай Зубайдат. Жиндирго к1иявго вас Г1абидги, Зирарги, гьелгон гьит1инаб мехалдаса цадахъ г1урав вацасул вас Мух1амадх1абибги ч1ванилан хабар щун азбаралъуе яхъун г1одулейго г1одулей йик1унаанила цере кверал рит1ун, зобалазде ялагьун, Аллагьасде гьардолей, г1одила дуг1аби гьарула йик1унаанила. Хвалил бусаде яхинег1ан г1оди къот1изабич1ила Зубайдатица. Штрафной ротаялде ккун хабар лъач1огон вук1ана гьелъул лъабабилев вас Х1анапиги…
Рагъда вук1арав Харсмух1амадов Мух1амадица бицана дов Мух1амадх1абибги, Г1абидги живгон цадахъ рук1анилан фронталда. Мух1амадх1абиб жинда аск1ов вук1ун каранда ругъун щун хванила. Г1абид дагьав рик1к1адег1ан вук1анила, гьев вук1унеб пулеметалъул точкаялда бит1ун т1ад к1удияб кьвагьи бахъун, гьенив ч1аго чи хут1ич1ила…
Гьединаб бигьалъи гьеч1еб г1азабалдалъун, г1одулейго ч1еч1огон хванила Зубайдат. Хвелелде цебе аск1ой йик1арай жиндир г1агарай ч1ужуялъ бицанила жиндаго раг1унагоян бицана Зайгьанатица, къоцаги, къварилъоцаги Зубайдатил къаркъала х1алакълъиялъ гьелъул хьоболил г1уч1ада гъоркь квер лъун гьит1инаб терк1ела бугеб рак1 лъалаанила…
-Кин цоги бицинеб гьелъул, гьей хвана к1удияб зах1малъи къварилъиялда, рух1анияй г1аданлъун – ян хабар лъвинабуна Зайгьанатица.
К1ИГЬИЛИ.
Чи бахиллъилареб г1азабалъулаб г1умруялъул бут1а щвана рагъул соналъ хварай Г1алил инсол эбел К1игьилие. Гьелъул гьит1инав вас Зайту кьуч1 гьеч1ел мац1ал сабаблъун 1933 соналъ ккун ун, «тройкаялъ» къот1и гьабун ч1вана Мах1ачхъалаялда \нахъа реабилитировать гьавуна\. Хадур дагьал сонал ун хвана яс, рагъ башлагьидал хвана гьоркьохъев вас Идрис. Хадуб рагъулаб ракъол сон т1аде щун хвана Муъминат. Ахирисев гьелъул к1удияв вас Салих1 зах1маталъул фронталда вит1ун рагъул т1аде щвезехъин ругел немцазде гьезул къуваталде данде гьабулеб Терекалда канал бухъизе вит1ун вук1ана. Гьениса рокъове щварав Салих1 унтун бусада ккун хвалил унтолъ вук1уна…
Салих1ов Г1алица бицунаан, дой жидер к1одо эбел К1игьили кутакалда рак1 щулияй ч1ужу йик1анила. Цонигияб жиндир лъимер хведалги, гьелъул бадиб маг1у хулун бихьич1ила.
…Салих1 холеб мехалъ, гьесул къаданиб К1игьилица абун буго: -«Дуцаг1аги дун юкъилилан ккун бук1ана рак1алде, мунги вуго жийго цох1о дунги тун инайилан».
Киг1анго рак1 щулияй йик1аниги, ахирисев вас хваралдаса, ях1 хванила гъолъул, гьей дагь-дагь ккун г1акълоялдаса анила. Киналго лъималги хун Салих1ов Г1алида аск1ой хут1ун йиго К1игьили. Жиндирго бугеб г1азаб бахъизе цогиязда бихьизе бокьич1огон, жиндир хварал лъимал рихьилародаян гьей ригь-ригьалда рохьаздехун уней йик1ун йиго, ц1улада хадуйиланги абун \ц1улае х1ажалъи гьеч1ониги\, кват1араб марк1ач1ол г1ужалда к1удияб бак1аб ц1улал магьги ц1ун яч1уней йик1ун йиго рокъое. Хадуб рохьазда арай гьей хадур ун гурони рокъое яч1унарогон, къват1иехун йиччазе бегьич1огон тун йик1унаанила. Нагагь къват1иехун йорч1ани Г1алияда г1азабалда гурони жание ячине к1олей йик1ун гьеч1о гьей…
Цо-цо мехалъ рак1 гъанц1улел ах1и балаанила ахиралда хварав васасде, нужго аралъуе жийги ячине вач1айилан.
Цоги мехалъ хинк1ал гьарулайилан жо гьабун квал-квадулей йик1унаанила ц1ар ккун лъималазде: -«Зайту, Салих1ат, Муъминат, Идрис, Салих1, кваназе рач1айилан». Щай гьал рач1унарел, киреда кканаян жийго жиндего тамаша гьабун к1алъалаанила.
К1игьилил васасул яс Г1айшатица бицана, цо-цо дагьабго г1акълоялде яч1индал К1игьилица жиндирго х1алакъаб квер цебеги бит1ун абулаанила: «Гьаб квералъ т1орит1ана киналго хабалъе, пакъир Зайту вукъиг1аги щванада дуейилан, хобг1аги бугодайила…
Гьединаб кьог1аб къисмат щвана К1игьилие \Аллагьас мунагьал чураги гьел киналго нилъер бусурман чиясул хварал умумузул. Аминь, Аллагь.\ жийго цох1о хут1ун, киналго лъимал цереги ккун, беразда гьезул хвелги бихьун. Гьей хвана 1943 соналъ ахирисев жиндир вас хун лъабго моц1алдасан.
Гьей хун цо соналде Алмахъазул 3 колхозалъул г1адамал х1укуматалъул х1укмуялда рекъон солдатаца рахъине гьаруна жедер умумузул рук1арал бак1алги тун чачаназул рукъзабахъе… Рецц Аллагьасе гьеб балагьг1аги гьелда бихьич1еб…
Саламгун нужее сахлъи гьарулел нужер газета ц1алулел:
С.Г1. Салих1ов.
Х1.Р.Х1ажимух1амадов.
09.04.05 сон.
Свидетельство о публикации №209080500046