Алмак. Фронтовик Магомеднуров Магомедкамиль

Сталинградалъул «боркьараб коронив» вук1арав

60 сон  рагъулъ бергьиналде.

   Къо бахъанаг1ан дагьлъулел руго К1удияб Ват1аналъул рагъул г1ахьалчаг1и.
 Алмахъалде щварал нижеда, Аллагьасго вит1арав чи г1адин годек1аниве рехун вач1арав киниги т1аде щвана Мух1амаднурав Мух1амадкамиль. К1удияб Ват1анияб Рагъул  г1ахьалчи, гьев кола Сталинградалъул  коро боркьараб рагъул г1ахьаллъарав рагъухъанчи. Нижер гьариялда рекъон рагъулъ ккара-тараб бицунаго гьес хабар гьадин башлагьана…
-Гьеб бук1ана 1942 соналъул 16 март моц1. Дир ваццг1ал Занкиев Мух1амад вук1ана армиялде унев. Дица вацлъун гьавурав чи вук1ана гьев Мух1амад, гьелъ гьев инаго диеги бокьана гьевгун цадахъ фронталде ине.  Доб заманаялда военкомлъун вук1ана Казбек районалда Миякьоса Шамсудинилан абурав чи. Гьес абуна диде, ножее доба рагьараб детясли гьеч1ила, мун гьединги вит1улин, щайила мун хъисдагьулев. Дицаги абуна гьев военкомасде дица вац гьавурав гьав Мух1амадги ина вугин, гьевгун цадахъ бокьун бугилан. Дихъги г1енеккун рагъде рит1улезулъе восана дун гьев военкомас…
…Рачун щвана ниж Анапаялде. Ниж гуребги, морфлоталъул г1емераб халкъ бук1ана гьениб бак1арун, Ч1ег1ер ралъдал  раг1алда бугеб бак1 буго гьеб Анапа…
Жеги формагицин кьун бук1инч1о нижее. Цо къоялъ зудисан рач1ун немцазул самолетаз бомбаби разе лъугьана гьенибе. Цинги цо г1емерал машинабазул колоннаги бач1ун, гьезда рек1инеги гьарун ниж рачана Сталингардалде. Гьенир цо рагъуе ругьун гьабулеб лагералде щвезаруна. Лъабго моц1илаб рии анна нижер гьеб лагералда… Гьанже к1анц1ана немцал Сталинградалде, нижер бук1ана «законвоированные войска МВД» абулеб армия. Нижги гьенире рагъде рехана. Гьанже Сталинградалъул, гьениб бук1араб рагъалъул бицун х1ал к1оларо, гъоб бук1ана цо к1удияб ц1ел мац1, рагъул кутакаб х1алуцинги, кьвагьулелго кьвагьулел зажигательниял бомбаби. Доб заманги немцазул кутакаб къуват бугеб мех бук1ана… Сентябрь моц1алъул анц1ила щуабилеб къо бук1ана,  гьеб къоялъ лъукъана дун \гьениб г1айиблъараб ккола гьаб дир боххги\. Цинги гъова цо цехалда жанив лъукъизеги лъукъун чехьа т1адеги рехун вук1ана дун. Доб цехалде т1аде немцаз ралел зажигательныял бомбабаз ц1а рек1инабуна гьениб. Кидагог1адин гьури камулареб бак1 буго гьеб Волгоград. Гьедин гьороца гьелегьизабун бук1араб цехалъуб рек1араб ц1еца дир бот1рол рас, кьунсрул, беразул т1елхал рук1ана ч1урх1ун рехун. Цинги цо марк1ач1ол мехалъ цо х1ал бугев санитар вач1ун, гьес ваччун, дун г1урул раг1алда бук1араб санчасталде щвезавуна. Гъоба операция жоги гьабун, гъоз дун гамиде вахъана, кинабго лъукъараб халкъ т1аде бахинабун бук1ана гьелде. Гама бук1ана г1урул цояб раг1алда. Бит1ун кинабго лъукъанщинаб халкъ т1аде бахун, гама багъарулеб мехалъ немцазул самолетаз т1аде бомбаби ран гьеб гамида ц1а рек1ана. Цо дагьабниги жаналда ругел лъукъарал, лъелъе к1анц1 к1анц1ун хвасарлъана… Дидайин абуни шуризе к1олеб бук1инч1о, г1емер заман инелде цо к1удияб хъарщиги эхетун, дун вугеб бак1алде харун вач1ана цо г1урусав солдат. Дида аск1овги вегун гьес абуна, жиндир мугъалде вахине к1олищан. К1веч1огон бук1инищ, к1икъого г1анасеб градусалде температураги бугеб дир бахун, гьаб рек1араб ц1адулъ вух1илевиланги вугев х1инкъун. Кинги гьев солдатасул мугъалде вахине к1ун, гьес ваччун, ракъдаде вахъинавуна дун. Гьениб кидаяли бук1араб басрияб гамида нахъехун щвезавуна гьес. Гьев солдатги вук1ана гьедин балагьалде гъоркье ккарал хвасар гьаризе таразул цояв. Гьенив дунги тун цоялъувехун ана гьев г1урусав. Г1емер кват1ич1огон обмоткабиги цоцазде рухьун цо хьот1ол магьги ц1ун вач1ана гьев. Цинги бач1араб гьеб хьут1 диде гъоркь т1обит1ана, цоги нухалъги ун бач1араб хьут1 т1адеги бана. Цакъ ц1орораб, кьварараб квачги щибха гьениб бук1араб. Цинги хадубги довго солдат ун, санитаразул машинаги бачун вач1ана, гьес дун цо маххул нухалъул станциялде вачана. Доба бугоан санитарияб поезд ч1ун. Гьенивеги дун гьев солдатас цо фургон г1адинаб жоялдаги рек1инавун щвезавуна. Гьеб поездги щибхи цо ц1аруе жо хут1ун бук1ана гьелъул, бомбабазул осколоказ сеткаг1адин рорлъ-рорлъун рук1ана вагонал. Гьел карт1ахъан гьороца пун бач1унеб г1азоги бук1ана. Вагоназул полазда бук1ана т1ибит1ун хьут1, амма г1азо гъорлъ бессараб гьебги кинха бук1унареб. Диени цо дагьаб гъулай бук1ана гьеб рахъалъан, дун носилкаялда т1адго вук1ана тун гьеб вагоналъув…
Гьенисан ворч1ана цинги дун Саратовалде. Саратовалда дун лъик1 лъвана, зах1мат лъукъарав чийилан лъик1аб квенги кьолаан дие. Гьениб цо дагьав лъик1 лъваравго вит1ана Уралалде. Гьениб буго цо шагьар Соль-Илецкилан абулеб. Гьанже гьенибги бана цо моц1. Багъарана гьениб ц1идасанго доб дир унтараб бохх, вит1ана госпиталалде нахъеги. Гьенисанги вит1ана Уралалдаго бугеб цо курорталде, гьениб бана к1иго моц1, рехизе к1вана нахъе костылял, рекъдилаго вук1аниги к1вана вилъанхъизе. Цинги анлъго моц1ица рокъове вит1ана армиялдаса, сахлъидал вач1аянги абун. Гьелдаса хадуб к1иабизеги вит1анаха. Росолъ ругоан бат1и-бат1иял г1иллабадалъун фронталде инч1огон хут1арал цо дагьал г1адамал. Гьелгон цадахъ к1иабизеги вит1ана дун рагъде.
-Мух1амадкамиль, гъоб боххг1аги сахлъун бук1аниш дур?
-Киб сахлъулеб, гьеб жакъаги сах гьеч1о, рекъдилаго ана дун рагъде… Гьанже ккана Гуржиялъ бугеб Горийилан абулеб шагьаралде. Гьениб аск1об чваххула буго Курайилан абулеб г1орги. Гьениб г1уц1ана нижер маршевая рота. Гориялдасан ниж рит1ана Белоруссиялде, рагъул фронталде. Гьенисанги бергьун унеб нилъер армиялгун, дун ккана Восточная Пруссиялъул Кенинсберг областалде, доба Топиау абулеб шагьаралда бук1ана нижер рагъулаб часть. Гьениб ниже рагъ лъугьана. Рагъ лъун хадубги дица армиялда бахъана цо сон…
-Цоги щиб рак1алде щола, Мух1амадкамиль, кванил рахъалъан кин бук1унаан ножер иш?
Бицине кколеб жо, нижее кьолаан 750 грамм ч1ег1ераб чадил суткаялъе, бакъварабго каршги, я чорпа, я цоги щибго кваналеб жо бук1инч1о бат1ияб. Германиялде рагъ щун гьениб щвана дие г1орц1изег1ан квен, гьениб бугоан бат1и-бат1ияб кваналеб жо бак1арун… Амма к1икъоялда анлъабилеб соналъ, рагъ лъун хадусеб сон бук1аниги рокъоб дида ракъи батанаха кутакаб.
-Рагъул соназ гуребги, рагъ лъун хадубги нилъер гьаниб ракъи бук1ин мух1канаб жойиш ха?
-Дуца бицунеб жо щиб? Цоги бак1 лъаларо дида, амма Алмахъалда массовый ракъи бук1ана.
-Мух1амадкамиль, доб блокадаялъулаб Ленинградалъул г1емер бицуна, дунялалдаго лъала, амма нилъер гьанир ракъоца рагъул ва рагъда хадур соназ хварал г1емер  г1адамазул г1емер чиясго бицуна раг1унаро, г1иц1го ч1ах1иял умумуз. Херабаз жидерго лъималазде гурони.
-Гьелъул бицун пайда щиб, гьаб Алмахъалда лъвине камураб жо хут1ич1о, амма Ленинградалдаги, дидаго бихьич1о, бицуна раг1унаан доб  мехалъ, къое азарго г1ан чи хвеч1еб къо бук1унароанилан.
-Дуда цадахъ Дагъистаналдаса г1емер чи вук1аниш?
-Дагъистаналдаса дида цадахъ рук1ана 45 маг1арулав. Ниж к1икъоялда щуявгоги Сталинградалде куцула рук1ана. Хадур т1аг1-т1аг1ана, цо дун хут1ана…
-Мух1амадкамиль, цо ахирисеб суалги буго дуе, х1укуматалъ кумек гьабуниш дуе, мун рази вугищ, бук1унищ дудехун власталъулазул к1варго?
-Дие бач1уна лъик1аб пенсияги, дагьаб цебег1ан щвана гьез кьураб машинаги. Дун власталъул дидехун бугеб к1варалде жакъа къоялъ рази вуго, гьезде лъик1аб гурони жо гьеч1о абизе дир…

            С.А. Салих1ов.
            Х1.Р.Х1ажимух1амадов.
            17.03.05с.
             Алмахъ росу.


СТАЛИНГРАДАЛДА  РАГЪУЛ  Ц!ЕДА ГЪОРЛЪ.

  Сталинградалда ккараб г1асияб рагъулъ г1ахьаллъарав Мух1амадкамилихъе гьоболлъухъ гара-ч1вализе щварав дир, сахлъиялъул щиб бугоян, кьураб суалалъе гьес, сахлъи кинаб бук1инеб 86 сон барав жиндиран, жаваб кьуна…   
 1923 соналъ Алмахъалда вижарав Мух1амаднуров Мух1амадкамил рагъде ах1ула 1942 соналъ. Рагъуе ругьун гьаризе гьел ккола Гуржиялъе, хадур Анапаялде…
  - Анапа ккола Ч1ег1ераб ралъдал раг1алда бугеб бак1, гьенир ниж ругьун гьаруна ралъдалъ гьарулел рагъазде…гьеб ругьун гьарулелъуб лъик1го к1к1ук1к1ана ниж- ян байбихьана Мух1амадкамилица  жиндирго доб К1удияб Ват1анияб Рагъулъ ккараб жоялъул х1акъалъулъ к1алъай. Ригь к1одолъиялде арав, гьесие ц1акъ зах1мат бук1ана ккарал рагъалги, рагъда хут1арал гьалмагъзабиги рак1алде щвезаризе. Бицунеб Мух1амадкамилилил, рагъулъ цадахъ рук1аразул х1акъалъулъ, калам, мигьлъун ун, бицунелъуб къот1улаан ригь-ригьалда, жужах1алъул ц1елъ рук1арал г1адинал дол рагъул къоял рак1алде щвезарун, суалал кьей, гьеб г1азаб гурищ чиясеян рак1алде ккарав дунги гьесдасан нечон, санаг1алъи бахъун хут1ана.Пайда щиб цо чанго сонал цебе заман г1аги бук1арабанищ гьаб, чан бат1и-бат1иял рагъул, нилъеда раг1инч1ел, эпизодал бот1ролъгон хабалъе арал, рагъул ц1елъ рук1арал нуг1зал. - Бицине жони г1емер бук1ана, рак1алде щолебани. Рагъуе ругьун гьарун хадуб, рач1инахъего ниж ккана Сталинградалда бук1араб рагъулъе. Гьениб бук1араб жоялъул бицун х1ал к1оларо, сверда сверун г1иц1го ц1ел мац1, лъалхъи гьеч1еб кьвагьиялъул гъугъай… Г1емер бат1и-бат1иял ч1ах1иял рагъазулъ вук1ана дун, Керчалда, гьенибги бищунго важныяб рагъ бук1ана, Польша, восточная Пруссия, Топиау…г1иц1го Ленинградалда вук1ин1о, гьенибги к1удияб рагъ ккана, амма Сталинградалда г1адаб жо кибго бук1инч1о…- Мух1амадкамил ургъалилъе ккун, гьесул калам гьоркьоб къот1идал, гьесие ургъизе квал-квал ккеларедухъ, раг1ун-раг1инч1огон, Мух1амадкамилил лъади, Х1абизатица бицана, гьес цебе бицунаанилан Сталинградалъул къват1ахъан, чвахун балеб ц1адал иххал г1адин чвахулеб би бук1унаанилан.- Ч1варал г1адамазул г1емерлъиялъ, гьел рукъун хадур гъолел рук1инч1о, бульдозералъ ч1ах1иял траншеял рухъун гьенир хварал лъун лопаткабаз т1аде ракь балаан… Ч1еч1огон бук1араб кьвагьиялъул гъугъайха, кибго  ц1еца т1ад босун…т1ок1аб щибха гьелъул бицинеб, г1емераб немцазул рагъулаб халкъ бук1ана гьениб, нилъераздасаги г1емераб…Боххалда ругъун щун дун гьенив квеш лъукъана…Дир эмен Мух1амаднур ккола Граждан рагъулъ вук1арав чи.Гьес, дун г1олоде вахунеб мехалъго, бицунеб бук1араб рагъул х1акъалъулъ ккараб жоялда дун рак1-рак1алъ велъулаан, ургъараб жо батилилан ккун. Ахирги дунго, инсуда  рагъулъ бицун бихьараб жо к1очараб, рагъул г1асилъи бихьун хут1ана…Дида цадахъ Сталинградалда рук1ана дирго вацг1ал Занкиев Мух1амад, Хунзахъа Мух1амадов Г1арип, Буртунаялдаса Темиев Сурхай, Мух1амадсаипов Гъайирхан, Дилималдаса Исупов Паша, Култараев Наби, Жунгуталдаса Шахбанов Х1ажи, Мух1амадов Х1абиз, дир вищунго лъик1ав гьалмагъ. Вук1ана Гъазигъумукалдаса…дагьалищ гьел рук1арал, гьанже рак1алде щоларо…дирго росуцоял Наурбиев Назирби, Г1амиев Х1ажи, Квериманалдаса (росдал отар) Асх1абов Шираздин, гьел гьенирго хут1ана…Ц1акъго дагьалго гурони нилъер рагъухъаби гьениса нахъе рорч1ич1о. Рагъул заман бук1ана хъубаб заман, ракъиги бук1ана, хвелалги рук1ана…Гьанже лъик1 буго,т1ок1аб бих1угеги гъодинаб заман…   
            
                Документазулъ бугеб къокъабго хъвай-хъваг1ай

                Гвардии рядовой Магомеднуров Магомедкамил

                218   конвойный полк                май-сентябрь  1942 

гвард. Стр. полк  13й стр.дивизии  144 армии     сент. 1942      апр.   1943

                3й   стрелковый полк                апр 1943             апр. 1945
               
                1346 стр. полк 399 стр. дивизии                май 1945            ноябрь 1945

                17  гвардейский стр. полк                ноябрь1945       ноябрь  1946


  Авторазул рахъалъан:

Сталинградалда рагъулъ рук1ана Алмахъалдаса жеги: Абакаров Ах1мад(154 гв.ап. 16гв.сд хвана15.03.1945 Польшаялда), Г1абдулг1азизов Х1усен(хвана Сталинградалда 1942с  октябрь),   Арсмирзаев Насрула(3 армия 121 гв. стр див.  1148 гв стр полк,хвана1944. З.Далиевас бицана, жинда цадахъ рук1арал, Г1алиасх1абов Г, Хасбулатов Г, Шагилаев А, Арсмирзаев Н., Нуцалханов К., Къадиев А.  Сталинградалда цокъоялъ хванилан), Г1алиханов Мух1амад(хвана 1944 Польшаялда, Сталинградалда  З. Далиевгун цадахъ вук1ана ), Далиев Зайнодин(3 арм 121 гв сп 1141 гв.сп /148 сп/ , рагъдаса т1ад вуссана, хвана20.09.96), Исмаг1илов Жаватхан( Тапча)(лъукъана Сталинградалда, нахъвуссана, хвана 08.12.83), Къадиев Адильгере(3 арм  121гв сд. хвана Сталинградалда), Кирингишиев Мух1амаднаби(нахъ вуссана, хвана 03.10.86), Къурбанг1алиев Рашидхан(пропал без вести), Муртазг1алиев Къади( нахъ вуссана, инвалид, хвана 06.01.67, гьесда цадахъ рук1ана Гъазиев У, Ибрагимов З, Къурбанг1алиевал Х1амзат ва Рашидхан, Буртунаялдаса Г1исаев И, Ибрагимов З), Мусаев Пат1а(лъукана Сталинградалда 02.01.42, 05.01.42, г1умру гьабулев вуго Хасавюрталда), Нуцалханов Х1асанхан(армиялде ах1ана18.09.40, Сталинградалда ноябралдаса 1941, 156 особ. бат.57 мех бригада… Полтава, Киев, Румыния, Венгрия, Австрия. Г1умру гьабулев вуго Ленинаул росулъ), Халинбегов Расул(354 сп ва 1385 зен.арт. часть, г1умро гьабулев вуго Калининаул росулъ), Шагьилаев Анас(3арм., 121 гв.сд., 1141 гв.сп/1148гв.сп 12гв. сд./хвана Сталинградалда), Шамсудинов Камалдин(хвана Сталинградалда март 1943).

                СА Салих1ов

                Х1 Р Х1ажимух1амадов


Рецензии