Алмак. Фронтовик Магомед Харсмагомедов

К1удияб Ват1анияб рагъул фронтги зах1маталъулаб тылалъул фронтги нахъа тарав…

                Алмахъалдаса Харсмух1амадов Мух1амад ккола цо рагъулав гуревги ц1акъ зах1матаб тылалъулаб фронталдаги г1ахьаллъарав чи. Гьесул цок кор боркьараб рагъулъ ккараб эпизодалъул х1акъалъулъ хъвараб къокъабго гьит1инаб хабар бук1ана бахъун «итературная Россия» газеталда \»Л.Р.» 29.09.2000 с.\. Гьебгон цогидал харбалги гьеб газеталдаса росун, маг1арул мац1алдеги руссинарун рахъун рук1ана «Къисматалъул ч1умал» абун ц1арги лъун /»Х1акъикъат» 23 декабрь 2000 с.\...
                Алмахъалда г1емер рук1арал К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азул г1иц1го к1иго чи хут1ун руго. Ригьалде рахарал рагъулъ ругънал щварал гьезул сахлъиги кинабха бук1инеб. Гьаб нижеца Мух1амадилгон гьабураб гара-ч1валиги буго гьев гриппалъ унтун, осложнение кьун, жеги т1аде ворхилелде гьабураб.

               -К1удияб Ват1анияб рагъ башлагьидал дун вук1ана гьит1инав анц1ила щуго сон барав г1адинав чи. Гъоб соналъ анкьго классги лъугьун, ц1ализе къват1ивехун ине рак1алдаги бук1ана. Аллагьас гъодиниса хъван гьеч1еб бук1ун буго, рак1алдаги гьеч1огон рагъги т1ад ч1ван. Хадусал росолъа саламатал г1олохъаби ана рагъде рит1ун. Т1олго колхозалъул х1алт1и бегана росулъ хут1арал руччабазде, херал чаг1азде. Цинги г1ола ругел нижги гъозиего кумекалъе, хур бак1аризе, раг1и-хер х1адуризе рахъине ккана…
      1942 соналъул октябрь моц1 бук1ана гьеб. Немцал т1аде щвеялде х1инкъи бугеб заман бук1ун, гьезде данде обороннаялъул щулалъи гьабизелъун Терскаллде к1удияб канал бухъун, сангар гьабизе рит1улел рук1ана херал чаг1иги, руччабиги. Рагъда цересел соназ Алмахъалда дагьал цоцаздаса рик1к1удег1ан рук1ун, гьенир г1уц1ун рук1ана ункъго колхозал \Гьединаб жо т1ок1аб кибниги бук1инч1о\. Гьединлъидал рагъдеги, обороннаялъул щулалъи гьабизе зах1маталъул фронталдеги цоги росабаздаса ц1ик1к1унго нарядал рач1унаан ункъго колхоз жаниб бугеб Алмахъалде. Щай гурелъул наряд кьолаан колхоз бук1ин х1исабалде босун. Гьединлъидал гьениса г1емер г1адамал рит1ун ана рагъдеги, оборона щула гьабиялъул трудовой фронталдеги…

             -Трудовой фронталдаги г1емер г1адамал рук1ун ратилаха, Мух1амад?
             - Ц1акъ г1емераб халкъ бук1ана. Алмахъалдасаги  щибаб рокъосагойила абухъего цо-цо чи ун хут1ич1о. Гьоко-оцалгон г1исинал нижги рачана гьенире, гьеб канал бухъулезе баракал гьарун, гьезде т1ад базе моц1и къот1ун, хьут1, хер т1алаб гьабун, гьеб оцазул гьаказда лъун баччулел рук1унаан ниж, гьединго дол х1алт1улезе квание ханжу, продуктал раччизе Хасавюрталде, нахъе хьвадизе кколаан. Гьагъадилан цо моц1 г1анасеб заманаялъ х1алт1ана гьенив. Цинги гьенив унтун дун рокъове вит1ун ана, ноябрь моц1 бук1анилан кола гъоб. Гьелда хадубги росулъе нарядал рач1ана ФЗОялде \фабрично-заводское обучение\ ц1ализе рит1изе Мах1ачхъалаялде. Цебе отаралдаса Висаитил Мух1амад \хвана март 2005 соналъ\, гьаб колхозалдаса дун, Шортоялдаса Нуцалханов Расул, ниж лъабавго, гьединго Буртунаялдаса, Дилималдаса цогидалги рачана Мах1ачхъалаялда бугеб Бондарный заводалде анлъго моц1алъ ц1ализе, бочкаби гьаризе гуребги, цогидаб жоялъе ругьунлъизеги, гьеб ФЗО рагъул ишгон хурхарабги бук1ана. Цинги гьениб лъабго-ункъго моц1 г1едал, апрель моц1 бук1ана гьеб, кагъат бач1ана диде эбел хванилан хъван. Гьеб ц1алулелъуб дагьал къоялги кьезарун росулъе щвезе ана, эбелги март моц1алъго хун юкъун йигоан. Гьедин рокъовги вук1ун нахъе ине къач1ан вук1аго росулъе вач1ана Висаитил Мух1амадги, гьес бицана рагъ г1агарлъулеб бук1иналда бан, гьеб ФЗОги къанилан… Дунги цинги ихдал-риидал колхозалде х1алт1изе вахъун ч1ар-хуралда вук1ана. Июль-август бук1анилан ккола гъоб заман. Лъазабун бач1ана Шамхалалде рагъие щулалъиялъе гьабулеб канал бухъизе ине кколилан. Гьенивги цо моц1алъги х1алт1ун сири \малярия\ ккана доба диде. Гьенисанги рокъове вач1ун,  колхозалда х1алт1ула вук1ун 1943 соналъ 18 сонги т1обан гьалмагъзабигун цадахъ рагъде ана ниж рит1ун, гьеб бук1ана август моц1. Гуржиязул доба бук1ана цо запасной полк, гьенир к1иго моц1алъ х1адурги гьарун гьенисан Москваялде щун ниж рит1ана товарный поездалдеги рахинарун фронталде. Цо дагьаб бак1ги тун, кире щваралали, т1ок1аб добег1ан унеб маххул нух гьеч1илданги абун ниж поездалдасаги решт1инарун рачана лъелго. Немцал нахъе к1анц1улеб мех бук1ана доб. Киса-кирего нух-нухазда рух1арал танкал, поездал, рух1арал гьезул къулаг1аби, рахъ-рахъалда гьаб-доб техника, гьагъадилан киса-кирего рагъул лъалк1ал. Гьеб кинабго бихьидал загьирлъулеб бук1ана рагъалъул х1алуцин, фашисталги бигьаго нахъе хъамизе к1везе гьеч1еблъиги. Гьедилан ина-инаги рук1ун щвана нижги рагъул ц1адулъе, Витебск шагьаралъул мухъалъе. Гьадабго квачги, декабрь моц1 бук1ана. Ниж рук1ана ругьун гьарун, минометчикалин гьенир къвариг1ун рук1ун ратилароха, цоцазде хадуб гъурун унеб халкъалъе пополнениялъун т1аде щвара-щварал рит1ула рук1ана, нижги передовой линиялда ругел пулеметазда ккана. Рач1ун т1аде щовухъе рагъулъе г1ахьаллъизе ккана, гьениб рагъул х1албихьи ккана. Фашисталги жиде жидеего санаг1алъи гьабун щула ч1ун бигьаго нахъе гъезе к1велищ. Гьел нахъе хъамизелъун гьезде балеб г1арада, минометазул снарядал, гьединго доз нижеде балеб ц1а, снарядазул кьвагьи, ц1ад г1адин т1аде балеб гула.

            -Щиб бак1 гьеб бук1араб? 
            -Витебск шагьаралда г1агарлъухъ. Гьенисан ч1аго ворч1ани рокъоб бицинеян рак1алде ккун бук1ана доб рагъул х1ал, г1иц1го цоросаролъул мугьал рарсинеб боркьараб корха гьеб бук1араб, гьединаб сурат. Цинги т1адежоялъе гъоб кутакаб квачги, г1азуги окопахъги. Радакье бач1унаан квен, гьан гъорлъги бугеб карш, лъик1аб каршги бук1ана гьеб. Нахъи-махъияв кванан лъвинелде гъоб гъудалда котелокалда рек1ун, ц1ороялъ ц1орол гадрал лъугьунаан гьеб карщил. Цинги рогьараб мехалъ артподготовкайилан абун башлагьулаан нилъераца дозде «Катюшабиги», г1ардаги, минометал т1аде ралаан, дие передовоялда ругел нижедеги х1единго, г1аздада хъвай г1олаан снарядалъе, лах1 чег1ераб балаго к1к1уйгон кутакалда кьвагьулаан. Чиго хут1ун ватиларин ч1агойила кколаан, Аллагьас ч1аго хут1изе хъварав чи ворч1ана гьениса ч1аго \гьениб бук1араб бицине\. Радал къад биараб г1адин лъунеб шинель къаси ц1ер ч1ван къвак1-къвак1улаан, ц1ороялъул кутакалъ гъоб пулеметалъул лентаялда ххелелде патронал рац1ине к1оларогон, нижее кьолаан бух1изе махорка гьелъ папироз кьуризе килщада кьуризе к1оларого хут1улаан. Тунк1ил чахъма ц1азе к1оларогон хут1улаан килщал х1алт1изаризе к1оларогон. Гьужумалъ унел солдатал аск1орго лъукъунги ч1ванги г1одор кколаан. Къасиялдехун лъукъун хут1аразецин рорч1изе рес бук1унаан, амма къад лъукъарал нахъе инее кканиги ц1адг1адин балеб гулидаса рорч1изе рес бук1унароан, гьединан ругелъурго лъукъун х1ал хварал гьел ц1орон холаан. Гьедина Рах1му лъалареб, баракат бахъараб  жо бук1ана гьеб рагъ, Аллагьасуллъиялъ гьеб х1ехьезе к1ун дун гьениса ворч1ана. Амма дунгон рагъде арал ционигияв районцоял рагъдаса нахъ вусинч1о. Гьел пакъирзабазул къадар бат1ийиса хъван бук1ун буго. Кидаго гьеб к1очонеб жо гуро гьеб рагъда хут1аралцоцое кумек гьабун рук1арал т1олго гьалмагъзаби, лъиеха гьел щибниги г1айиб гьеч1ел пакъирзазул рух1 бахъи къвариг1ун бук1араб, Аллагьас ц1унеги додинаб балагьалдаса нилъги цогидалги…

             -Мух1амад, цо гьал хадур г1ола ругел г1адамазе казият ц1алулезе щиб бицине бокьилаан?
             -Дица кидаго Аллагьасдеги гьарула нижеда бихьараб гьаб рагъул кьог1лъи лъималазда, хадусел наслабазда бихьугеян. Кинабго жоялъе Аллагьасул кумек  кканиланги кола, Аллагьасул кумек диеги ккана рагъдаги, рагъда хадубги, жакъа къо щвезег1ан г1олеб сахлъиялдаги тана. Г1умруялъулги исана 80 сон г1ола.
            
             -Цоги. Мух1амад, х1укуматалъ т1алаб агъаз гьабиялъул щиб бук1уна, гъоб ножее кьезе бихьизабураб машина жо щваниш дуе?
             -Кьолеб-толеб жоялъулги к1игог1аги пенсияги кьола, машинаги кьезеялда очередалда вуго. Къадру-къиматги гьабула дир гъоз…
 
 
            С.А. Салих1ов член союза журналистов России.
            Х1.Р. Х1ажимух1амадов \федеральныяв судияв Кировскияб районалъул\.
            19.03.05г.



               


Рецензии