История города Алмак. На аварском языке

Алижанов Хасамирза Алижанович.
«ИСТОРИЯ города АЛМАК».
1954 с. с.Алмак.

Алмахъ бук1ана 9-10 азарго ц1араки бугеб к1удияб город. Гьенир ругел г1адамаз яшав гьабулеб ракьалъун г1орхъи буртабазул Хъирхъи к1алахъа Ярахсо лъарахъе щун бакьолъан г1орхъи Салаюрт Гебахъала Ярахсу ахадасан Акташ Ярахсо жобалеб гьоркьоблъи.
Арсахъ Тимурица Алмахъ шагьар к1иц1ол т1аде к1анц1ун бахъизе к1веч1огон боялги нахъе рачун, живго Тимур вач1уна гьардохъан х1исабалда горбода хужалги  ран. Цо къоролалда решден гьабула. Гьоболлъи гьабун, рак1ги кверги г1ат1идай  алмахъалъ гьоболасда цебе орба нах т1аде т1ураб карщ ц1ураб к1удияб гъадаро цебе лъола. Сих1ирав Тимурица цо босаралъуса босич1огон  кваназе бай бихьула. Гьелъ абула:
       - Гьобол гьеб карш хьагиниб г1емер буго, мун ц1акъ вакъуниш вугев Арсахъ Тимурил бог1адинан гьаниве к1анц1ун дове к1анц1ун вихьула мун кваналев.
         -Гьев Тимур кив вугев щиб гьабулев чи.
       -Гьев вуго ха росаби рух1улев, г1алам гъурулев чи.
       -Нуж кин ха гьес тарал?
       -Валлагь ниж гьес цо къоялъ росилаан гьаб нижер росолъе бугеб лъин къот1изе лъалебани.
       -Кибха гьеб лъел бет1ер бугеб?
-Доб росда т1адехун бугеб рохьил генол гъот1ол сверохъ раг1уна.
                Рогьалилъ жиндирго боялдеги ун Тимурица г1акъилзаби данде ах1ун руго, ва гьикъун буго т1аде лъалеб г1аламат гьеч1еб ракьулъ бугеб иццул лъел бет1ер сундасан лъалеб. Цо херав чияс абула: кьили лъеч1еб барти чу 5-6 къоялъ к1алц1и-хер кьун кваназеги гьабун лъин щвезеги теч1огон гьеб лъим батиялда щакаб бак1алда свердизабе, гьелъ квач1 кьабураб бак1алда лъин батизе буго. Ицул бет1ер батула ва къот1ула Алмахъ шагьаралда рух1гун чи теч1огон гъурула, хъвехъула, Арсакъ Тимурица Алмахъ бух1ана ихдал 1396 соналъ, бух1ула цо рукъ теч1огон шагьар. Хут1ула Алмахъазул г1адан жанив гьеч1еб ч1обогояб росо халатаб заманаялъ.

Цо заманаялдасан рач1уна чачаназул Харайчо росолъа эмен Кекели вас Келарди ва Келайбиги. Алмахъазул  шагьар бук1араб бакьолъ, к1иго кьурда гьоркьоб бугеб г1ат1илъиялда рукъзал рала. Гьелдасан байбихьун рахъ-рахъалдасан рач1ун г1ун бач1уна гьит1инабго росо.

Гьелдаса хадуб вач1уна дин малъизе Абулмуслим шайих. Малъула, рихьизе гьарула х1арамал ва х1алалал жал. Кекелил вас Келардица абула бусурманлъун хадуб болъонил гьан квине бегьулареб батани жиндир бугила 5 х1ораб ц1укил мегьед гьел кванан лъвиндал гурони жив бусурманлъиларила. Киналго цолъун хабар къот1ун къабул гьабула ислам дин.


Шамиль имамлъун телелде 173 сон цебе 1691 соналъ цебе Гуржияца къват1ире гъун чачаназул цониги росдаца т1адеги росич1ого чачаназул Пархчи абураб к1удияб росу уна Хундерил ханасде жедер к1удияб росоги бугила жидеца щибаб соналъ щибаб рукъалдаса цо-цо чахъу кьелила, жедее росо кквезе бак1 кьуни. Чехь г1ат1идав ханас кьола гьезие Алмахъазул ракь. Кьогейила нижер росда гъоркьа бак1 жидее гъоб ахадисаг1аги гурониян. Гьит1инабго росо рагъунги бергьунел рук1инч1о. Ккуна чачаназул Пархчи росдаца гьениб росо.
Шамиль имамлъун тана 1834 соналъ. Шамиль имам вук1ана Х1асамирзах1ажил умумузулго гьобол. Гьесул жиндирго вук1ана 6 вас: Арсамирза, Шамирза, Мутаг1алих1ажи, Нартавх1ажи, Г1алижан, Хасай. Вацазул яцазул лъимал росдал лъабго бут1а гьабун цо бут1а ккураб к1удияб тухум. Бук1ана Шамиль ц1унизе рак1ч1араб божи. Ах1ул гох1 бахъана 22-28 августалда 1839 соналъ. Шамиль Нахъбак1алде вач1ани Х1асамирзах1ажилъув гурони кьижулароан. Шамилица анлъабилеб наибзабазул данделъи 1845 соналъ Алмахъалда ах1ун буго Х1асамирзах1ажил азбаралда. Дагъистаналъул г1алимзабада г1акъилзабада ва бах1арзада гъорлъа вищун тарав Шамилил г1ашт1и чи - к1удияв Уммалх1ат алмахъав вук1ана.
Хасайил хъутан отар бук1уна гьанже Хасавюрт гъоркьехун. Солдатал ч1араб хъала бук1ана гьанже базар бугеб бак1алда. Т1адехун рук1ана гьеб хъалаялъул къедал гьанже нахъаги Ярахсо раг1алда. Хасай х1инкъун вук1ана Шамилил гьобол абун солдатаца живго пасат гьавиялда. Солдатал х1инкъун рук1ана Хасайица х1ила гьабун Шамилил боял жидедего т1аде гъеялда. Шамиль х1инкъун вук1ана Николай пачаясул г1арац меседалъги гуккун Хасайица Николайил боял жиндего т1аде гъеялда. Имамас лъазе гьабуна Х1асамирзах1ажида дур вас Хасай жиндие хияналъун вук1иналда жив щаклъун вугилан. Жинца Уммалх1атида \палачасда\ Хасай ч1вазе гьавуни дуе росолъ тушман вук1инила. Я росолъ ч1езаве, я дуцаго ч1вай дурго вас Хасай. Х1асамирзаца ах1ула Хасай росолъе лъазе гьабула росолъе вач1ине кколевлъи. Хасайица къвак1унго лъазе гьабула вач1ине гьеч1евлъи. Х1асамирзах1ажица ах1ула жиндирго вас Г1алижан, бицуна Шамиль имамас абураб жо. Г1алижаница абула васасе г1адло инсоца гьабизе кколилан. Г1алижан уна. Г1алижаница Хасай вехе лъутизе гьавула. Г1емер заман балелде Хасай араб бак1 лъач1ого т1аг1уна.
Шамилил богун чачаналъе арав Х1асамирзах1ажил вас Шамирзаца яч1уна жиндего ч1ужулъун ячун Билати аулалдаса Загьа абурай чачанай. Гьелъул яс Зарият йиго дир инсол эбел. Гьелъ бицана гьадинан: Шамиль чачаналде инагон Алмахъалда сордо балаанила. Живго Шамиль жиндир к1удияв инсода решдунаанила. Муридзаби росолъ рикьулаанила. Цо сордоялъ жеделъув лъабгояв вук1анила. Цояс жинде абунила метер байрахъ хисизе бугила. Жинца дуе к1азие базе байрахъ кьелила зух1аялъул г1ужалъ дурго к1удияв инсол дое яч1айила ц1орораб лъел гулгунги ц1ун. Анила гулгунги ц1ун. Гьанисан жедерав чи довасахун цоги к1игояв чи векеранила чолода ч1вараб байрахъалде. Жий рехун г1одобе гулгунгон г1одун гьаракьги гьабун доег1ан к1анц1анила к1удияв инсол нуц1ихъе. Нуц1ихъан къват1иве лъвана бакъг1адинан имам щайих г1одулей мокъокъанги абун дир бот1рода квер бахъана. Муридас дун г1одиялъул х1акъикъат Шамилида бицана. Гьай дир гьудуласул яс дир гьоболасул мокъокъ. Имамас дуда къалеб х1урмат к1удияб ч1инч1оянги абун гулица борлъ-борлъараб байрахъ дир бот1рода бухьана. Дида жакъаг1адин цее йиго 84-89 соналъ цебе хъах1ал г1исинал т1анк1ал ругеб гордида т1асан ч1ег1ераб хъабалиги рет1ун бет1ералда чараб хасалил к1азги бан, шимиш ч1вараб, ц1едеги къулун цо-цо Шамилил ц1арги гъорлъ абун чачан ва маг1арул мац1алда маг1ил раг1абиги абун к1азил къаркьаялъ маг1оги бац1унагон г1одулей инсол эбел. Гьелъул накалда гъежги бан щай мун г1одулей Бабаян цо-цо гьелдеги абун цадахъ г1одулев дунгоги. Цо-цо мехалъ гьал сармил раг1абиги абунги г1одулаан гьей. Имам къват1ив лъвинег1ан киналго муридзаби гъугъадун бакънал ричан зикро Лаила гьа иллаллагь балел рук1ана квараналъ хвалченги ккун квег1аб чухъида лъун чарма бот1рода къарав, къват1ив имам вахъана.  Шамиль ккуна Гъунив август 1859 соналъ.


1877 соналъ вахъана чачаназул Симсири росолъа Г1алибегх1ажи абун имам. Алмахъ росдал халкъ к1ийиде бикьана. Шамиль имамасдагог1адин гьесдаги хьолбохъ ч1елилан нилъилан к1удияв Сонболатги гьесда хадуб халкъги.
-Ле, алмахъал, тейила ножоца гьеб иш лъудби къороллъила, лъимал бесдаллъилан, Жамиль Минкаг1ел. Гьеб хабар раг1уна Темирхан Шурав вук1арав г1урус Тупасда. Гьес хехаб лъазаби гьабула Николай пачаясда. Гьеб лъазе гьабизе пачаяс вит1ула 2 чиновник алмахъазе г1акълоги кьезе гьеб ишалъул ц1ех-рехги гьабизе. Алмахъазул ракьалдеги риччан Пархъи эхъияца ч1ван гьев к1иявго чиновникгун хехаб ах1и бала пачаясде алмахъаца дур х1акимзаби ч1ван ругилан. Рит1ун боялгун бух1ула Алмахъ росо. Гьикъула Салатавиялъул 11-ябго росдада 3 соналъ алмахъал киназ т1аде росилел абун. Хубар росдал жамаг1аталъ росула. Гьез росич1елани алмахъал Россиялде выселить гьаризе рук1ана. 60-г1ан рух1 жаниб бугеб 17 ц1араки рукъ Петербургалде рит1ана. Гьелде т1адеги росолъ вищун росдал рак1 бахъарав чи Гъачалайх1ажи г1ак1аде ч1вана. Кьеч1о гьесул жаназа бук1изе.
Алмахъал Хубаралда рук1араб 3 соналъ алмахъазул хут1аралги ракьал: Биларгъин, Гьит1инаб Элерзо, К1удияб Элерзо, Тавзум, Альбурил отар, Чонтол тала, Асмирзал тала, Г1умарил тала, Г1алиласул тала, Шорто – участкабиги рекьун, рецун муг1рузде г1и-боц1иги бахъун эхъиял кепалда рук1ана. Ахиралдаги гьеб кеп даималъего хут1ана. Алмахъал Хубарлдаса т1ад русараб мехалъ эхъиял ч1ана гьаб жидеца билагьун бугеб ракь жидер бугилан. Даг1ба бан кьуна алмахъаца судалде. Николай пачаясул законалда бук1ана 3 соналъ х1алт1изе гьабураб ракь гъов чиясе толеб. Доб законги гъов к1иявго чиновник ч1вайги х1исабалдеги босун  алмахъазул ракьал эхъиязе тана.


Дир инсол эбелалъ абулаан 8 оц бараб кутаналъ 3 къоялъ бекьулеб хур Элерзоялда бук1анила жидер, 7 къо балеб бак1 Тавзумалда бук1анила жедер. Тавзумалдаса жалго бет1ергьанаб ракь Эхъиясухъа г1ахьалги босун кканила жиндир инсоца хур гьабизе.
Ургъе цо гьелдаса к1удияб зах1малъи кинаб бук1инебали. Гьаб алмахъазул ракьалда  т1оцебе ккураб росолъ эхъиял унтоца риччан толел рук1инч1о. Эхъи абураб жо гуржиязул мац1алда буго хъамурал, гуржияца хъамун къват1ире гъун рук1индал.    Эхъияз ургъун х1укму гьабуна нахъа заманаялда нилъее ракьги къварилъилила рач1айила нилъеца гьаб унтол бак1ги рехун тун гьагъаб гъорехун разиндила росаби. Рит1ула киб киб росо кквелебали балагьизе чаг1и. Т1оцебесеб росо базе Ахдач раг1алда, гьелда ц1арги тезе жедерго росдал ц1ар Пархчи. К1иабилеб Ярахсо раг1алда Гъачил къой. Лъабабилеб гьебго Ярахсо раг1алда Кешеной. Бикьула башад гьабун росо лъабиде, рехула можоро, бала жинди жиндир бак1алда росо, бикьула гьаб т1оцебесеб росдал ракьалги. Рахъуна къват1ире т1ок1ал нахъ русун гурт1изе руччабазул ц1аралда гьаги бан. Цо-цо ккун рач1ун бук1охъе ункъабилеб росо г1ун бач1уна. Гьелда ц1арги Ширчи-юрт абула \маг1на - Басрияб росо\. Алмахъаца росо ккураб Хотай, мажгит ккун гъоркьа рахъ, Пархчи росдал т1аса рахъ. Кешеназул – Дукъ, хъачи лахъазул - Тавзум Кешеназул. Гьединан кверде босана Алмахъазул ракь эхъияз.

1917 сон.
Алмахъалде хабар щвана Костеказул моц1а балъ хъазахъаца сверунги ккун ругила бальшевикал. Рек1унеб чу бугев алмахъав ана ах1од. Ккуна хъазахъал сверун, гьабуна к1удияб рагъ. Гьенив лъукъана Рурух1маев Г1умарилав, Саримирзаев Ама, т1аг1ана Тайманаев Т1алх1ат. Нух къосун хъазахъазул полкалдеги ккун хъазахъаца ч1вана Мирзахан. Г1абдугъапур, к1удияв Садах1ажи, Тайманаев Т1алх1ат хвей Т1алх1атов Расулиде гьикъизе бегьула.

23.07.1918 соналъ.
Мах1ачил партизаназ буртабазул хабал раг1алда лъабго г1арадаги реч1ун бач1ана ах1и. Ана х1ат1ида вахъунев чи, туманк1 борхизе к1олев чи. Гъежда махул лъундулги лъун руччаби. Мах1ачиде т1аде к1анц1изе Темирхан шураре унел алмахъал Ч1ик1аре щварал Х1ажизабиги рачун хадув ун Г1амирг1алих1ажица нахъе рачун рач1ана.

1924 - 1925 соназ Казбек районалда рахъана бандал. Гьезде данде рагъун ч1вана бандаца: Мух1амадаминов Шагьмух1амад, Байболатов Занки, Гъубаханов Тавсолтан.

1942 соналъ Терекалъул каналалда кьижаралъув ц1орон хун ватана Гъазбегов Саид. Гьений унтун рокъое яч1ун хвана Гьит1инай. 2 яс нахъаги тун Унгиева Меседо. Гьениб ккараб квачалъул унтиялъ цо чангоял г1умроялъго инвалидал лъугьана.


Рук1ана алмахъазул лъай бугел г1алимзаби жакъа нилъеда бихьулеб жо 200 сон цебего жедеца бицунел рук1арал т1охазда михралги лъун гъасда ц1аялги ракун рук1араб заман, бук1инч1о росолъ 2 гурони кор. Чарав Айдемирица абулаанила рукъ рукъалъуб кор балин, рукъзабазул т1охал баг1арлъилин, роржунел г1адамал рахъинин, муг1рудасан ц1адул гьакал хьвадилин. Гьезул ваг1за г1олохъабаца г1адхун ч1алг1ен бук1анила кункьби ругел лъимал гьаризе раг1унин абун рук1анила. Гьезда хадур: Беркиханх1ажи \алмахъаца абула гьесда Беркиянх1ажи\, Бектемирх1ажи, Г1амирг1алих1ажи, гьезда хадусел Г1амирг1алиев Садикъ, Жарбаг1ел, Камалодин, Нуридин, Эльдар, Балгишиев Сахродин, Г1абдурашид. Вук1ана районалъул цониги росолъ гьеч1ел алмахъазул 2 шайих: Ирбагьинх1ажи, Г1али шайих. Салатавиялъул анц1ила цо росдада ращалъизе 13 камурав х1ажи.
Дагъистаналъул киналго г1алимзаби данделъун т1олгоборзалъа \хъормалъа\ г1акъилзабалъа т1аса вищун Х1ососа Нажмодин имамасул заместительлъун рагъул бет1ерлъун вищарав Къебедов Дада алмахъав вуго.
Салт1аса Узунх1ажи имамас Дагъистаналъул г1алимзабалъа вищун жиндирго заместительлъун тарав Г1амирг1алих1ажи алмахъав вуго.
          
             
               Аллагьас киназулго мунагьал чураял, Аллагь гурх1аял, цересел умумул:
       Кекели, Келабай, Г1урусхан, Гиласхан, Г1арабхан, Арсамирза, Х1асамирзах1ажи, Г1алижан, Г1алигиши, Г1алижан, Х1асамирза, Забит: Зубайри, Г1умарх1ажи. Зубайрил: Зураб, Г1умарх1ажил: Залимхан.
               Х1асамирзах1ажил васал: Арсамирза, Г1алижан \2-1\, Шамирза \3-1\, Хасай, Нартав, Мутаг1али \6-1\.
               Арсамирзал лъимал: Адильби, Темирай, Усда.
               Адильбил: Арсамирза, Завур.
               Темирайил: Муса, Мусалав.
               Усдал васал: Чергесхан, Гъиримхан, Сонболат, Мужайт.
                Г1алижанил \2-1\: Г1алигиши, Г1аликъади, Г1абдужан.
               Г1алигишил: Г1алижан, Нуридин, Набизат, Унайзат.
               Шамирзал \3-1\: Басхан, Байсолтан, Зарият, Непайсат, Саг1идат, Шубг1анат, Пат1имат, Загьидат.
              Басхан: Темиргиши, Нурх1анза, Загьа, Дайгьанат, Кабират.
              Мутаг1алил \6-1\: Сонболат, Хасболат, Ханахъай, Байболат.
              Байсолтан: Шамирза, Байсолтан, Пазилат, Хазимат, Ахъбика, Аминат.
              Байболат: Занки, Сайродин, Мух1амадшарип, Узданай, Ахъбика, Загьират,
              Х1айбат, Х1ажи.
              Х1асамирзал лъимал: Забит, Зубайри \х\, Субх1анат, Сумият, Райх1анат, Саният х\.

              Гьанже дица дуе хъвала дида лъалел Г1алигишил вацг1алзаби ва яцал.
              Г1алигишил яцал: Мажитил эбел Сабурай, Болачил эбел Чамасдаг, Мут1алиб Бартиханил эбел Чачанбика, Г1алимух1амал эбел Гъизбика, АсилГъизал ва Мух1амадил эбел Гъойбика.
      Гьанже Г1алигишил вацг1алзаби. Темирай, Адильби, Усда. Хасболат, Сонболат, Байболат. К1удияв Жантемир, Къурманг1али Саг1итил эмен Мух1амирза дир эбелалъул эмен Батирасхан. Х1адисх1ажи. Г1абдух1амина. Алтумирзал эмен Иразихан. Идрисхан эхъазе. Мажитил эмен Агъамирза ва Г1алимирза Къадил эмен Х1ажимурад Нажбодинил эмен Г1али ва Хъирингиши. К1удияв Сайханил эмен Айтемир.

                Г1.Х1асамирзал тетрадаздасан х1адур гьабуна Х1.Р. Х1ажимух1амадовас.
                19.03.2005 сон. г.Махачкала. тел. 67-28-50.
                Алмахъал, т1аде журазе жо бугони, абе. Ц1акъ вохарав вуго гьединаб кумекалъухъ.
               


Рецензии