СихIручи
Нилъедаса гIеме-гIемер рикIкIада, Гьиндустан абураб цо улкаялда вукIанила цо гIолохъанав чи. Йокьун йикIанила гъосий цо цIакъ берцинай, цIодорай яс. Амма кигIан векераниги, щиб гьес гьабуниги йокьарай яс гогьдарулаго, чIухIи гьабулаго чIун йикIанила кьурун. Чан нухалъ гьелда аскIове къаниги, чанцIул гьуин рагIаби абун гьей жиндихъе юссизайизе лъугьаниги, гьесда хирияй ясалъул кIалдиса хъачIал, чIамучIал рагIаби гурони рагIулел рукIинчIила. ГIолилав нилъер героясе гьелъул букIанила кIудияб ургъел, макьаби рукIанила гьесул тIагIун.
Жеги гьединал къояздаса цояб букIанила, гьев вас жеги йокьаралъул рахъалъа кьогIал калимабиги рагIун вуссун вукIаниги рокъове. Жеги кваначIого, кIудияб ургъалида вас вуссун вукIанила кванил рокъоса жиндир рокъове. Бусадеги вегун вукIанила гьев хирияй ясалъул пикрабалъ.
Гьесул бусаде данде бугеб къадада бан букIанила берцинай, цо гIолохъанай, ясалъул суратги бахъараб кIудияб календарь. Гьеб къоялъ ургъалида вукIарав гIолохъанчиясда бихьанила сураталъул багъари. Ва гьесухъе юссун сураталдаса яс кIалъанила:
- Мун Атлантида абураб цо улкаялде сапаралъе вахъизе кколила. Дица дуда нух малъизе бугила, дуца гьеб улкаялда вугев цо сихIручиясул гьабураб сихIруялдаса дуе йокьарай ясги, дие вокьарав васги хвасар гьаризе кколила. Гьев сихIручиясул сихIруялъул къуват бугебшинаб заманалъ я дуе йокьаралъ, яги дие хирияс дандеяб рокьул жаваб кьезе гьечIила…
Жиндир беразда божичIев ва гьеб лъугьараб жо беразда хъвайилан ккарав гIолохъанчияс жиндаго гIадин абунила:
- Гьаб хIакъикъатищила, я Аллагь!
Сураталдаса ясалъ жаваб гьабунила гьесул суалалъе:
- У хIакъикъат бугила! Мунгун сурат кIалъалеб бугила, дица дир суратал гIемер гьарун дунялалъул бищун цIакъ рокьи къуватав ва гьелъие хилиплъуларев чи ватизе тIиритIизарун рукIанила кирго. ХIакъикъатияй дида дир суратазда аскIол ругел киналго чагIи рихьулел ругила, ва бичIчIанила мун гIадав рокьул рахъалъ вацIцIадав, хIикматав гьечIевлъийила. Дида бихьанила мун кIудияб ургъалида вукIин, рокьиги дур авал-ахир гьечIеб, мухIканаб букIин. Дуца дица абураб гьабейила, айила гьеб адресалде, ва чIезе гьабейила гьеб сихIрудул чIегIераб къуват. Дица дуда дандеги яхъун нух бихьизе гьабизе бугила.
Васас гьикъанила:
- Дида мун кий дандчIвазе йигила?
Сураталдаса ясалъ абунила:
- Мун гамаялдаги рекIун Атлантидаялде щваравго дун дуда гьений ятизе йигила.
ЦIикIкIун ургъичIого кIалалъ абичIониги гьениве вилълъине рази вукIарав васасда ургъел рекIанила.
- Дир гамаялъе билет босизе гIарац гьечIила, щиба гьебилебила – абунила гьес.
Ясалъ жеги абунила:
- Ургъел гьабугейила, кинабго жинцаго хIадур гьабун бугила, гамаги порталда дуда балагьун чIун бугила.
ТIокIаб сундулго пикру-ургъелги гьабичIого гIолохъанчи анила порталде, хIакъикъаталдаги сураталдаса ясалъ абухъего, гамаги гьесда батанила жинда балагьун чIун. КватIизе течIого рекIанила гьев гамаялда, нух босанила гьес Атлантидаялде. Гьений жинда, цебего ккун абухъе, сураталдаса ясги ятанила ялагьун чIун жив вачIун щвезе. Сураталдаса гаргаданиги, тIоцее хIакъикъаталда йихьарай гьейгун гьениб лъай-хъвай кканила гьесул. ГIолохъанай ясалъ гьев вачанила жиндихъе гьоболлъухъе. Цинги ясалъ гьесда абунила:
- Мун ине кколила Анд абураб магIарде, гьениб бугила цо кIудияб ва гъваридаб нохъойила. Гьеб нохъода жаниве мун вахъизе кколила, нохъода жаниб бецIаб ракьулъе унеб нух бугила, мун гьеб нух ккун айила, таманав аралдаса дуда цебе рагьизе бугила кIудияб гIалам-дунял. Гьений вугила цо херав сихIручи. Гьес лазат босулила инсанал цоцаздаса ратIа гьариялдаса, гьезул цоцахъ хIасралъиялдаса, гьез гьелдаса чIамулеб гIазабалдаса. Дуца гьев чIвазе кколила, ва дуца гьев сирхIучияс сихIру гьабун хъваралшинал тIанчал рухIизе ккколила, гьелдаса хадур тIолго гьесул сихIруялъул асирлъиялда ругел гIолохъаби хвасарлъизе ругила, ва чанги чиясул гьумер гьелдаслъун гьимизе бугила, чанги чиясе гьел тIанчал рухIиялдалъун талихI буссизе бугила. Гьелдаса хадуб ракIалъ мунги вокьарай, амма кидаго гьелъул сихIруялдалъун дуда хъачIал рагIаби абулей дур йокьулелъги дуда инкар ккезе гьечIила. Гьединго дургин дир къадаралда ругел чанги гIадамазулги ракI бохизе бугила. Амма, гьей сихIручи йигила борхатаб цо хъалаялда, хъаладул рагьда чIун бугила анцIботIрол аздагьо. Гьеб аздагьо чIвазе кколила дуца гьениве вахъизе кканани.
Вас «аздагьо» рагIидал туркIанила:
- Кинха дида кIвелебила гьеб чIвазе, кIоларила жинда.
Ясалъ гьесие ракI-макI гьубулеб жаваб кьунила:
- Ургъел гьабугейила, жиндир инсул инсудаса гьесие хутIараб, инсул инсуе инсул инсудаса хутIараб хIикматаб хвалчен бугила – гьелъ гьебги абун хвалчен цебе ккунила – гьаб хвалчадул бугила кIудияб къуватила, гьалда кIолила бокьараб жо къотIизе, дица божиги гьабун гьаб духъе кьезе бугила. Жинда цогидав чиги дур бакIалда гьабги кодобе кьун гьениве витIизе кIолаанила, амма гьаб хвалчен бугев чиясда дунялги кверде босизе кIолила, гьалъ халкъги гъурун. ГIарцуда бер бакъарав чиясги гьалдалъун бокьараб гьабизе рес бугоанила, гьаб кодобе щвараб анила. Гьединлъидал дида кIвечIила дуда гурони божи гьабизейила. Гьанже гьабги босейила, вахъайила нухда… Дур гьабизе кколеб гIемераб бугила, пикру гьабейила дурго йокьулелъулги мун гIадал цогидал гIолохъабазулги…
Васас ясалъ абураб бакIалде сапар ккунила. Анд мугIрул нохъоде щванила гьев, лъугьанила жаниве. БецIаб нохъодул нух ккун таманав вилълъаралдаса, ясалъ абухъего, гьесда батанила гьениб гIалам-дуниял. РикIкIадасаго бихьулеб букIанила сихIручи вугеб хъала. Хъалахъе нух ккун вилълъанила гьев. Хъалада цебе, гIолохъанай гьей ясалъ абухъего, букIанила анцIботIрол аздагьо. Цо ботIроца хъаравуллъи гьабулеб букIанила, хадуселги кьижун рукIанила. АхIичIого щварав гьобол вихьидал хъаравуллъуда бугеб ботIроца гIасиял гьаркал рахъанила. Ва гьединалго гIасиял гьаркьалги рахъун рорчIун рачIанила цогидал бутIрулги гьалъул гьаркьихъе. Аздагьо кIалаздаса цIаги бахъулаго бортанила гьесда тIаде. Гьел нусго къоялъ, нусго сордоца рагъанила. Нусабилеб къоялъ аздагьо свакан гIодоб кканила. Васасги ккараб санагIалъиги гIададе течIого цо-цо ккун къотIанила гьелъул бутIрул. Лъугьанила гьев хъалаялъувул кIалгIаялдейила. Хъала букIанила цIакъ борхатаб, тIох гьелъул зобалде хъалеб букIанила. Бищунго тIасияб тIалаялдаса бахъулеб кIкIуй бихьулеб букIанила. Хъалаялъул жаниве лъугьизе къасд гьабидал гьесда данде жеги цогиги захIмалъи дандчIванила; букIанила гьениб гъаваялъул чали. КигIан хвалчен кьабгIаниги гьеб бихьулареб гьавадул чали рагьулеб букIинчIила, речIчIа-речIчIараб бакIалдаса цIа пирхулеб букIанила, амма пайда кколеб букIинчIила. Хвалченги лъалинибе лъун лъугьанила гьев квер квашун жаниве вахъизе бакI балагьизе. Ва гьесдаги лъачIого гьесул кверда букIараб аздагьол би хъванила гьелда. Би хъвараб бакIалдаса биун анила гьеб. Гьенисаги жаниве вахъун лъугьанила гьев хъалаялъуве. Нус-нус къоялъ болъо ккун вилълъун, нус-нус сордоялъ вилълъун вахъанила гьев кIкIуй бахъулеб тIалаялде. Гьенив херав сихIручи жеги вукIанила жиндир сихIруял ишал гьарулев. Гьев тIаде щварав гьобол вихьун вуссанила гьасухъе:
- Кин мун Гьиндустаналдаса вачIун гьаниве щваравила? Чан сон бугила дица гIолохъаби цоцаздаса ратIа гьарулелила, цоцазухъ хIасралъизе гьарулелила, амма гIемераб заман бугила жинца чи хвезавичIевила – гьебги абун гьев рукъалъул цо бокIоналда жиндий бакI гьабураб хъванхъраде вуссанила – кIудияб лъугьайила хъванхъра, чIвай гьавила…
Хъванхъра гьебсагIаталдсаго кIудияб гIун бачIанила, ва васасда тIаде бадиса чIорлъун цIа бахъулаго бортанила. Вас дова-гьаниве кIанцIизе лъугьанила цIадуца вухIиялдаса хIинкъун. Цинги хъватIибе бахъараб гьесул хвалчада тIаде кканила гьеб цIадул чIор. Хвалчадул матIуялдаса нахъе буссараб цIадул чIораца жибго цIа ккун бухIун хванила гьеб хъванхъра. ГурхIел-рахIму гьабичIого гьев залимав сихIручиги чIванила васас. Ясалъ абухъего гьабун, рухIанила киналго гьесул сихIру хъварал тIанчалги. СихIруялдаса хвасарлъанила киналго гIашикъзабиги.
Гьев хъалаялдаса къватIиве вахъигун цIер гIадин биун тIерхьун анила тIолго хъала-кIалгIа. Вуссун сураталдаса йикIарай ясалъухъе щведал гьесда гьей жиндие вокьарав васгун ятанила. Гьелъги кIудияб хIурмат-адабалда нухда регIанила гьев Гьиндустаналде. Гамаялдаса рештIиндал гьесда жиндир йокьарайги жинда данде чIвазе ячIарай ятанила. Хурханила гьел цоцазда, цо гIагарал ва гIемераб заманалъ цоцазда рихьичIел чагIи гIадин. Ва гьес кIудияб бертинги гьабун ячанила йокьарай, гIумруялъги ратIалъичIила гьел. Ва гьединго цалъанила гIемерал ратIалъун рукIарал гIолохъабиги, Гьиндусталда гьоркьоб къотIичIого къойил пунила зурма, буханила къали, гIолохъабазул берталъ кьурданила чагIи…
2002 с. Къабахчоли
Свидетельство о публикации №210022400835