Мискинав бечелъарав МухIамадгIали

Мискинав бечелъарав МухIамадгIали

Цо пуланаб росулъ вукIанила МухIамадгIали абурав мискинав чи. Щибаб къоялъ рохьове хьвадун, цIул гьабун, цохIого цо бугеб хIамида гьеб росулъе биччизе босулаанила гьес. Гьоркьов-гьоркьовги унаанила гьев досул-гьасул ригьда хIалтIизе, жиндие ва жиндир лъималазе чудуе гъуршал гьаризе.
  Гьоркьор санал рахъанила, чIахIиял гIунила гьесул лъималги. Жеги гIечIев васги ясги гъосул ине лъугьанила чидал ригьда лагълъи гьабизе, инсуе цо дагьаб бугониги кумек букIине. Амма мискинлъи чIалгIарал лъимал гьесда бадибчIвай гьабизе лъугьанила жидер мискинал рукIиналъул. Жиб-жиб къаси гъасда кваназе гIодор чIедал, лъимал лъугьулаанила жидер тIурачIел мурадазул бицине, мактаб лъугIун институталда цIализе ине бокьун букIанила жидее, амма мактабги гьоркьоб хутIанила нижер гьаб сабаблъун. Гьездасаги цIикIкIун гьезул цIали бокьун букIарав МухIамадгIалие хIаллъулаанила гьезул зигара-хабар, рагIарабшинахъе гьел харбал пашманлъуланила гьев вижиялъухъги. Жиб-жиб къоялъ рохьове унев МухIамадгIали кIудияб ургъалида вукIанила, росу-гIаламалдаса рикIкIалъун рохьове щведал цо хIехьда гIодовги чIун пикру гьабулаанила гъос жиндир гIумруялъул, цебе чIолаанила гъосда кинабго жиндир гIумру. Ахирисел гьал кIиго къоялъ, радал рохьове арав гьев, ургъалида вукIаго кин маркIач щварабалиги лъачIого цIулги гьабичIого хутIун, щибго цIулги босичIого тIад вуссун вукIанаанила.
   Ургъел дагьаб букIараб гIадин, васасе яс гьаризе йокьун йикIинги лъанила гъосда гьал къояз. Эбел тIамун гьесда яс гьаризе кколебали гьесги лъазе гьабун букIанаанила. Жив рохьоса цIул бачулев, васги лагълъи гьабулевила кьечIила МухIамадгIалил васасе яс ясалъул эбел-инсуца. Жеги ургъел цIикIкIарав мухIамадгIали рохьове щун цIул гьабизе лъугьанила, амма ургъелабаз хехго сваканила гъов. ГIодов чIванила гъов, бахъанила чвантиниса гIеч, хъохъон гIечгун нус чIванила гъос жив гIодов чIвараб биххун букIараб гъатIида. Багъаргъизе лъугьанила гъоб. ТуркIун тIаде вахъарав МухIамадгIалида бичIчIанила гьеб жив гIодов чIвараб, гъветIилан ккараб жо бегун хутIиялъ тIад хавси бараб кIудияб борохь букIин. Гьев векаранила гьаккихъе жив цIунизе гIаштIи босизе. Борохь лъугьанила гъосда гардезе жиб чIаго тейилан. МухIамадгIали хIикмалъанила борхьил кIалъай бихьун. Цинги борхьица гъосда магIарда хазина бахчараб бакI бицанила жиб чIаго теялъухъ. МухIмадгIали бечелъанила гьениса босараб гIарцуца. МухIамадгIалил васас жив мискинав вугилан жинда инкар гьабурай ясги танила. Рокъове вуссун хадуб цогидай лъикIай, цодорай ясги гьаранила васасе МухIамадгIалица. Берцинаб бертинги гьабун ячанила васасе. Гьуинаб гIумру гьабунила гъозги…

                2002 c. Къабахчоли


Рецензии