Мадина

(литература на аварском языке)

 Ц1акъ санаг1ат бахъараб хасалихълъиялъул къоялъ т1ад юссун щвана Мадина Дагьистаналде. Т1упун лъураб нак1к1гун балеб бугоан ц1ад. Бугониги лъалаго йохана гьей ч1амуч1аб, моц1алъ халатаб Стамбулалда къавуда хадуй ин раг1алде бахигун - поезд Мах1ачхъалаялда ч1ейгун,  жиндирго рукъалъул нуц1а рагьараб киниги х1ал бук1ана гьелда. Ц1ороялъулги х1арщулги лъица бицунеб рокъое щваралдаса.
 Цадахъ рук1арал гьалмагъзаби к1очон кьат1ибе бахана гьелъ жиндирго боса-тараб къайи. Рокъое щванаян йохиялъ жийго босаралъул гох1ида цее г1адан аск1ов гьеч1ого хут1иялъул эсцин гьабич1о гъарималъ. Киназдаго данде ч1вазе машинабигун рач1ун, раг1и абизе заманалда перроналдаса рикъ-рикъун т1аг1ана г1адамал. Амма гьединаб т1алаб-агьаз жиндие бук1унареблъи цоги нухалъ х1акълъарай г1олилалъ г1амал гьабизе келилан сверухъ бер щвезабуна - бихьулелъув милиционер тун бат1ияв чи гьеч1оан. Балеб ц1адукъ къайи жибго рехун тезе к1оларого, щиб гьабилебали лъаларого йигей г1аданалла аск1ов цо маршруткаялъул бет1ергьан щвана. Талих1алъ, божел г1урав чи ватигун нахъойги чанги бак1ал сумкаби, ящикал машинаялъухъе раччана Мадинаца. Щунусго гьурущ гурони жинца кьолариин абигун цодагьаб гъул-гьулди бакана шоферасул. Цо сумка босун кумекг1аги гьабич1еб мехалъ хъант1лъи бихьуларищан рак1 бакъвана Мадинал гьесдасан,  г1езег1ан г1ет1ги тlyн, рух1ги бахъун бук1ана щолеб гьелъие гьурущ, жеги бичизе пагьму г1еледайян вас-васдиги бук1ана  рокъое г1агарлъанаг1ан. Къоги бихьич1ого т1ад чвахулеб бугин кола цо-цо г1адамазда шагьи-пара.
 Г1емерал ургъалабазги  свакаялъги батила тамахаб сидениялда г1одой ч1ун яхъиналде гъапулъана гьей. ...Йорч1игун бащадаб нух тун бугоан, бот1ролъ х1абургьарал пикраби - г1уж гуреб ва санаг1ат гьеч1еб кьижиялъги батилаха. Рак1алда щвана рос Ильгам - щибулевдай вуго? Цеве т1амун вач1ана Абдула-паша, Фархад... Гьанже щибдай бук1ина? Г1ажаиблъи, гьаб ц1ад дунялалдаго балеб х1исаб буго. Ноябрь моц1алда г1азуго рекъон бук1инаан...
 Росулъа, жиндирго рукъалул к1алт1а машина щвейгун рах1ат хвана Мадинал: кавуда к1улал разе кани Ильгам киве арав?! Дун якъадалъул гъоя рещт1илилан парахат ватила эбел-инсуда аск1ов- гypx1axa аллагь мун дидаян нахъойги х1алихъего ц1ац1адана Мадина,гьанже баччизе т1ухьилъун гьелъие лъугьараб къавуда. Ч1обогояб рокъобе нуц1а рагьулаго маг1у хулана пуланалъул бадиб. Рокьукъго ч1вана розеткаялда токалъул печь- г1ураб ц1орой бугоан рукъзабазухъ. Унго, жакъа рокъов вук1ине бегьуларогойищ вук1арав. Бахъун бичараб рет1елги рехун цох1о рукъ ц1ун бугеб кроваталда яхана Мадина- к1вах1алъана сумкаялъуса xyтla-тараб кваназе жог1аги къат1ибе бахъине. Ц1ороялъ щиб бук1аниги рагьа-рачариго гьабуни хинлъилан заман балелдего т1аде яхъана гьей ва мадугьалзаби рач1инег1ан квеш-лъик1алъул т1алаб гьабизе жуяна. Вугониги молодец Ильгам - месед г1адин ч1езабун бугоан рукь-бак1.Халатги рет1ун цебе батараб ящик рагьун босараб рокъоб толеб, росулъ бичизе г1адаб, Мах1ачхъалаялда гурони бичун унареб, лъилниги бер ч1вач1ого рокъоб бук1ине ц1унизесеб къайи бат1а гьабуна. Г1емераб жоялъул бет1ер унти т1ад босана бокьич1ониги - гьанже гьеб нухда бачине лъазе ва бажаризе кола - гурони абадиялъ мискинлъиялъул къвалица жеми щула гьабуни гурони чуч гьаби щакаб бугелъул. Абизизесеб гуреб г1иси-бикъинаб къайи ва к1иго халича тана Мадинаца цебе: рач1аразда бихьизе - г1ела г1адамазул к1алухъ квеялдаса г1асияб х1алт1и батиларо. Хут1араб г1адан чи вакулареб рокъоб щула гьабуна. Поездалдасаго хут1араб чед ва г1анк1удал гьан кваналаго т1аде яч1ана мадугьал:
- Мадина, лъик1 юссарай.
-Щванаха дунги.
-Лъик1ин месед, ч1амуч1лъун батила чидар бак1 ...амма берцинаб х1укумат бугилан бицуна кинацаго гьениса рач1араз, дун пакъиралъе киса гьеб бихьилеб.
-Нужго кин ругел, Марипат?
-Г1одоса-г1ебеде, баркаман гьаб ц1адуцаги буго рак1 сваризабун. Ильгамги церекъад эхевеха арав - мун данде ч1вазе унев ватилин йик1ана инев  вихьигун...
-Жанире рилъа, нуц1ихъаго бицунеб хабарго кинаб бук1унеб? - ан мадугьал рокъое жание ячана Мадинаца ва печида т1ад гьалдезе чайник    льуна.
-Вай, халичаялъул гьайбалъи - гьалеха х1алт1и - нилъералги рук1уна къайи гьабулел ругин жалан. Дуего босун батила, уйищ?
-Лъаларо Ильгамица щиб абилебали. Яч1а гьаниехун г1одой ч1а.
-Г1одои ч1езе цоги щвела дун - г1анк1абазда хадуй щварай г1аданалда каву рагьун бихьигун жаний лъугьун йик1ана - хабар щибдаян ц1ехезе.
-Г1одой ч1еч1огойищха иней, - ан мадугьал т1ойит1ана Мадинаца.
Марипатидаса хадур т1аде - къоркье рач1унел къасигицин камич1о. Т1оцебе щвеч1ого хут1илеб киниги т1ад рак1арулел рук1ана руччаби, цинги кодоб-хъатикъ бугелда рекъон босулеб бук1ана къайи. Узухъда босулеб щинаб Мадинаца берцинаб цебе рехараб босун бук1ана, к1иго къойида жаниб нухда араб ва, бащадаб босарабщиналъухъ араб харж кодобе щвана Мадинахъе. Квеш бихьуларо! Бичараб жого бук1инч1о жеги. Мадар кана но чанго къо базаралда йичараралдасаги. Жеги къват1ибего бахъинч1ого бук1ана дунивалалъул багьаяб кожаялъул лама, к1иго кожаялъул бихьиназул курткаби, ункъо фирменниял бихьиназул гурдал, кутакалда модаялда ругел багьа-багьаял «ангоркаби»...
    Ильгамги вач1унарого рак1 свакарай г1аданалъ бук1а-таралъул список къват1ибе бахъана: анкънусазарго гьурщиде къайи г1езег1ан бук1инарнщхаян разиго гьимулаго кагьат к1ич1ван мух1канго г1адамасул бер ч1валареб къаг1идаялъ щула гьабуна Мадинаца. Лъиданиги лъалароан унго гьелъ киг1ан г1арац цадахъ арабали. Гьудулалъ къурубг1ан босун инилан абун бук1ана бет1ергьанчиясда. Данделъун к1иго моц1 барал гьезул жидерго шагьи-пapa бук1инч1о. Бук1инеги кисаха Мадинае эбел-ннсуца росасе иналда бан гьуд г1анаб жо къват1ибс бахъун бук1инч1елъул. Кин бугониги рокъой axlapaйгo збелалъ, босиларин ах1удилей ясалъул сумкаялъуб бельеялъул комплект къазабун бугоан - гьеб колаан ахирисеб Мадинал хьул къот1изабураб т1анк1лъун. Щибго бич1уларев росги валагьун рогьинег1ан г1одана Мадина гьеб сордояль. Амма чучич1о рак1 беки.
Вацг1ал вук1иналъги ватила раг1и абич1о Ильгамица. Жидергоги к1удияб хъизанги бук1ун гьесиеги бертин тун бат1ияб басрияб кровать гурони рокъосездаса щвеч1о. Циндаго к1икъоялда анц1го сон барай киниги херлъун арай ч1ужуялъул ч1обоглъараб гьелъул х1алимал беразухъ валагьун жинцаго - живго к1ек1улев вук1ана гьев - х1алт1иг1аги бук1арабани! Якъадалъ бач1араб месед ва сахаб рет1ел-кун бичун басриябго лъабго рукъалъул бак1 босана гьез    данделъун моц1 балелде. Х1алт1и-пиша гьеч1еблъиялъги батила Ильгам разилъана росулъе вуссине. Гьеб к1иязулго бет1ергьанаб бак1- рукъ бугони къайиги     камиларин рак1-мак1 гьабуна вакьадасги - баркала херасе: саламтал раг1аби абуна колелъуб ва заманалда.
             Рукъалъе бак1а-бахариги гьабун кьижизе егулей йик1ана, гьале жакъаги вач1инч1ин росан, пикругун Мадина, каву бухулеб гьаракъ бахъигун.
             -Гьале яч1иней йиго - ян ах1улаго г1едег1алихъего халатги т1ад бачун, каву рагьизе екерана гьей .
-Мун кий йигей?! - ан вач1инахъего ч1инт1иледухъ къвалакъ ячана Ильгамица ч1ужу.
-Вай, гьадиг1ан кват1изе мун вук1арав кив, сунда эхеде вач1арав?
-Машиналда, т1ок1ай рокъоса кьури бук1инаро дуе, - ян талих1го гьимулаго къвалакь ячухъего азбар къот1ун  Ильгамица хъизан: киг1ан лъик! сах-саламатго т1ад юссарай, т1ок1ай къват1ие иичан пайдаго гьеч1о - гьадиг1ан г1оларого вук1инин киданиги кун бук1инч1о.
                -Баркаман, г1ураб ц1орой буго кьаси - г1азу бач1они. Рокъоб хинго бихьула. Свакарайищ, хадув вач1ине т1ад юссуней заман г1аги лъач1о.     Агенствоялда лъаларин кват1улел гьеч1ин - заманаялда рач1унелищали абизе зах1мат бугин жаваб гьабуна. Божиларо, к1иго къоялъ вокзал хьихьун цин вук1ана.
-Рокъосел кин ругел? Вач1инахъего ине колаан мун гьове- квен-т1ех гьеч1еб бак1алда ч1еч1ого:иншалагь гьанже х1анч1изе хинк! камун хут1илел ратиларин: азун вуго мун.
-Духъ урхъунха. Дунгоцин г1ажаиблъун вук1ана - мун гьеч1ого вук1ине лъалеб цин гьеч1о - нусго соналъ аск1ор рук1арал киниги. Мун берцинлъун йихьула заграницаялъуй щваралдаса.
- Бат1алъи щиб.- ан намуслъун росасул пальто маг1ида бана Мадинаца.-Вакъун ватани х1адурарабго кваназе жо бугоха.
-Гьеч1о Сапарил машинаялда вук1ана эхеде- нухда кванана. Мун яч1ун ятилин хьулго бук1инч1о- эбелалъул зузуди рихун т1ад вуссин гурони.
- Х1алт1ул бицун йик1ун ятила...
-Цогояб хабар: бихьинчи х1алт1и гьеч1ого т1убаларо. Дида лъалареб киниги тушманги хут1угейгин гьав дун г1адин «рах1аталда».
-Г1едег1уге, бук1инеб батила х1алт1иги.
-Нух бит1арабищ? Т1оцебесеб нухалъ налъи гьеч1ого т1ураниги г1елаан.                -Т1уралин кола,-ян росасда бер щвезабуна Мадинаца.
-Яч1а дихъе ч1алг1ун вугин... Мадинада дагь-дагь кун бич1улеб бук1ана Ильгамица жиндирго рек1ел нуц1а рагьун бук1ин. Стамбулалда гьедиг1ан гьелъул-долъул ургьел гьабизе замана г1еч1ониги- гьанже гьеб х1акълъана циндаго. Рокъи? Г1едег1ун щибизе. Цоцадехун ц1ай бат1аго дагьаб жойищ бугеб?
Нахъисеб къоялъ цудунго рахъарал гьел рукъалъе боса-таралъухъе балагьизе журана. Мадинаца ч1ух1ун росана цояб рокъоса щват бичан балагьизе к1иго кобальталъул къад кванил ва чаяльулгун-кофеянияб сервизал. Бокьараз абеха гьанже Мадинал къавулъ гьединаб сервиз бугилан.Т1оцее эбел елъила!
 -Берцинлъи ! Киг1аналда бугеб къайи гьаб?
 -Къоазарго.-ян абуна Мадинаца к1алъач1ого бокьарас нусаазарго гъурущ кьолеб сервизалда. Нилъеего тезе босана.
  -Мадина, вореха налъи кезе гьабуге. Вореха. Рач1инахъего учузаб бугоцигн г1елин нилъее.
-Ургьел коге налъи т1убазе ва цодагьаб нилъеего хут1изе г1арац щвезе г1ураб къайи бичана дица, -ян цоги ящик рагьана гьелъ.- Богорокъоб комбайн - к1иазарго гъурущ. Къват1ибе бахъиларо льезе бак1 гьеч1елъул.- Гьанир сервизалъулго бокалал, рюмкаби, салаталъул, торталъул, пихъил т1арсал. Берцинал гьеч1ищ?
-Чанги бегьулеб жо бихьула къавуда хадур хьвади! Киданиги келароан. Гьабгощинаб бечелъи гьоркьоса колеб батани т1ок1абги щиб г1адамасе къвариг1ун бугеб.
-Гьаб къвач1инир занавескаби руго к1иго бат1иял анц-анц1 метрадул . Рагьида разе гардиналги руго цогидаб къвач1иниб.
-Машаллагь, берцинлъи! Г1айиб гурищ гьадинаб бак1алда разе.
 -Заманалдаса къач1аларищха нилъеца мина. Цинги къват1иб бахъила бугеб, гурищха. Лъиданиги къавул бицине хиял гьеч1о дир- щибизе. Нилъер        рукъалъул х1ал к1ияздаго лъани г1оларищ.
-Дур бит1араб. Кидаго гьадин мискин рук1инарел ратила нилъ. К1иялго рекъон ругони маг1ишатги данде билъинеб батила.
-Гьал кроватазда т1амулел занавескабигун , скатерьтгун покрывалоби.
-Чемодангун цадахъ - ургьун бугеб куц санаг1аталда. Дуего щибго босич1ищ?
-Жеги к1иго лъик1ал люстрабиги руго. Гьанже къанще берал, - ан елъулаго Мадинаца «Карден» фирмаялъул дуниялалъул багьаял костюмал къват1ире рахъана.-Балагьея!
-Мадина! Бищун модниял...
-«Базарганалъул» рос къач1ан вук1ине келарищха. Рет1ун балагье, гьале гурдалги -гьебго фирма. Т1ад бук1араб спортивнияб рет1елги бахъун минуталда Ильгамица рет1ана ц1иял костюмал.
-Т1ад рукъарал киниги руго! Баркала. Гьанже дун «квезего» к1веларо дуда.
-Гьале кьиндаде свитер, сапожкаби, хисизе т1ажал, носкаби, т1агьур, шарфал...
-Намуслъизавуна дуца дун баркала, хирияй, бихьизабе дуего босараб.
-Нилъ цо чи гурищ. Дуца рет1инч1еб гьеб дие щибизе.
Унгоги Мадинаца жиндиего щибго жо босун бук1инч1о: гьелда рег1ун йик1инч1елъулха. Т1оцебесеб нух - хадусал босила - г1иц1го хут1ун гьеч1елъул. Г1едег1уге Ильгам, г1едег1изаюге, гьарула.
-Мадина, юц1арай щай?
-Гьеч1о. Босараб налъи бец1изе г1еларин х1инкъун бичун бук1ана.
-Киг1ан кьезе колеб?
-Анкьнусазарго гьурущ.
-Унго. Гьебгощинаб г1арацги босун къват1ие яхъине к1варай дуда...
-Ильгам, дуе яч1аралдаса к1олареб жо бук1ине коларо дида.
... Мадина, абуге гьедин, гьарула к1очон теян бук1араб, кидалъизег1ан дуего г1азаб гьабулеб...Дие йокьула мун, унго ах1макъ вук1инч1евани дица абилиаан дол раг1аби...
-Ц1и гьабуге, гьарула. Дицаго дунго махсароде кун бажарулеб гьеч1о дида. Божа.
-Бич1ула, хирияй. Мун гьеч1ого гьанже цо къоги х1ехьезе гьеч1о дица. Дун талих1ав вуго нилъ данделъиялдаса. Г1айиб гурищ дун дуе вацг1алалдаса ц1ик1унев гьеч1о. Хьул буго заманалдаса дуеги дун вокьилилан, рослъун хиралъилин дуеян, бич1улищ? Мадина юц1ух1ун хут1ана щиб абилебали лъаларого.
-Дур гьудулзабазда гьоркъов дун г1адинал рик1к1унаро: рукъ гурев, диплом гурев, машинаги кисаха! Мун бат1ияй йиго Дулъгун хабар бицун бажарулеб гьеч1о дихъа. Лъукъ-лъукъун, бидулъ ец1улей йик1инч1еяни дуца дол раг1аби дида киданиги абулареблъиги лъала дида. Гьеб дида бич1иялъги екана мун... щибасул къисмат, нилъеца данде гали гьабуна - гьеб гьалат1 гуро! Гьеб х1алалда йигей мун къвалакъе ячарав дица щиб гьабилеб?!
-Ильгам, г1емер раг1аби абун хисизе жо гьеч1о. Дудаго лъач1ого т1ет1езаруна данде унел рук1арал ругънал. Г1асилъулев щибизе - г1айиб щиб дида? К1иго моц1! К1иго моц1, ях1 гьабизе бегьуларогонищ - адаб-хъатиралъ гьоркъоблъи ц1унилин хьул бук1ана дилъ - дун мекъи йик1арай къаг1ида... Ч1обогояб рукъалъул бок1нилъги г1одой йик1ун г1одун йичан тана Мадина.
-Т1ассалъугьа.- ян къвариг1ел гьеч1еб ва рак1алдаго гьеч1ого караб хабаралда рак1 бух1ун ч1ужуялда къочана Ильгам.-Мун инарогури рокъоса? Мадина т1ассалъугьа дидаса.
Сундаса гьаб хабар караб? Щибизе к1ал гьикъулеб цоцада. Сваказег1анги г1одун гьесул кодой синкьулаго гьапулъун кана къаси бер данде ине щвеч1ей Мадина.
Цо х1алт1изе бак1г1аги щолебани. Чемоданалъуб бач1араб бичун ч1ужуялъ босараб рокъов, гьелъ босарабги рет1ун ва кванан вук1иналдаса сурараб жо щибха бук1унеб... Гьанже гьаб рет1елги рет1ун г1олилазда, г1агарлъиялда цеве кин вахъинев: релъулел рук1ина ах1макъасаеги талих1 къунилаан. Мадина т1илал к1игораг1алг1аги бук1унаребаниха...
Заманалдаса йорч1игун талих1ал бералгун ялагьана - гьей т1ад къулун ватарав росасде.
-Жакъа щибдай гьабилеб?
-Цадахъ рук1ина. Кваназе жо батиларо рокъоб?
-Буго. Г1айиб гурищ холодильник гьеч1еб...
- Мадина, г1азу балеб буго! Дуе холодильник г1аги щибизе?
-Хьулалха...- гьимана росасе , кват1ич1ого кинабго жанисанго йохи бахчелаго бук1инилан гьей.
 Г1едег1ун хвезабизе бегьуларо.Сабру. Киг1анха бокьун бугеб гьабсаг1атго, минуталъ ч1еч1ого берцинго гьабураб минаялде яхине – щват бичан гьеб г1уц1изе! Сабру…г1едег1ун  кинабго хвезабун пайда гьеч1о. Г1арац бук1аниги г1олеб бук1ун гьечо гьеб хьвадизабизе лъазеги колеб бук1ун буго, сабруго.
-Кинаб бак1 бугеб Турция?
-Берцинаб. Ц1акъ берцинаб. Ч1ух1ун гьабураб, бечедаб - гьенир ругел мажгитал! Бицун жо коларо цо бер ч1вач1ого.Гьениб бугеб рац1алъи! Г1адамазул к1алъаялъул тамахлъи, сабрулъи - къват1ире рахъич1ого бич1уларо нилъер г1адамазул сог1лъи, хъач1лъи...Г1умро гьабизе анищаб бак1 буго, мац1 чидар бук1ин гурони. Гьенир чанги маг1арул росаби раг1ула. Тукабазда бугеб къайи! Бер бихун уна бихьахъего. Багьабиги рук1инарищха. Ч1амуч1лъана, нухда йик1ана т1ок1аб гали бахъиларин- гьанже кодор шагьаби щвейгун ва рокъоб гьоркъ къайи хут1игун ц1алей йиго...
-Данде билъани квешаб иш гьеч1елъулха.
-Квешаб бук1арабани г1адамал очередал кун рук1инаанищха моц1аз визаялда хадур. Дие гьудулалъ кумек гьабуна - азарго баркала гьелъие .Цо лъик1аб сайигьат гьабила эхее збел-инсухъе арайго.
- Киг1андай эбел йохила.
-Дур лъик!ай, гурх1ел бугей эбел йиго , Ильгам.
-Цо щибг1аги лъик1аб рахъ дидасанги бук1ине келарищха.- ян махсаро гьабуна гьес.
Мадина жиндирго пикрабазда яна. Баркала, хирияв божиялъухъ - дица раг1и квела. Чангиял «х1анч1езарила» дида ч1ух1и гьабунилан, чангиял угьдила рак1 бух1ун...Кинав ватаниги мунги ч1езавила ясик1о киниги къач1ан- бук 1инеб батила г1адамаздаса нечолареб маг1ишатги - хьул буго, кунч1ила дир нухдаги талих1алъул чирахъ. Киналъего заман г1ела, киналъего.
-Мадина ва Мадина!-, ян росасул гьаракьалъ йигьинаюна гьей пикрабаздаса. - Рач1а метер эхере рилъине. Гъоздаги ургьел бук1ана дур.
-Агь. Лъик1. Бат1алъи гьеч1о ..Эбелалъе босараб кверлъинги буго, инсуе ва вацазе х1адурун гурдалги руго- рак1 рекъани гьезул...Камилиль ваcace т1ажуги бегьилилан кола.
Мадинаца дандиялъе ва Ильгамил цох1о йигей яцалъе щибниги босун бук1инч1о. Жиндаса ц1ири ва гьуинлъи гьезда бихьунареблъиян кьураб гьеди макъулукъалда къан бук1ана жеги гьелъул. Бокьахъе «кьвагьдолел» рук1аян абе, гьединг1аги хут1иялъ алагьасде амруги гьабун.Гьел г1адинал ручабаз раг1и бицуней г1адан йик1инч1о Мадина : эбел-инсуца гъоркье рехараб мехалъ г1адамасги квер бегьич1о, лъицаниги.Гьанже хабар киназго ц1акъ къокъ гьабуни жидеего лъик1...Рукъ., т1аса унго лъуг1унарел гьалбазул рехьед, ц1али-х1алт1и , хур-хер - кинабго бук1ана заг1ипал Мадинал гъажазда.Щибго бат1айиса бук1ине бегьилилан рак1алда цин колароан гьелда, кидаго х1алт1улъ т1ерхьарай г1адамалда. Сабруяб г1амалалъул яс чанги г1олилазул рек1елъе йосулаан, амма раг1и абизеян хиял гьабигун т1ирун-йихун цееса т1аг1унаан гьей г1алхуда г1урай киниги. Кин гьелда к1алъалел, щиб раг1игун аск1ор ине бегьулелали лъаларого рук1унаан росу цоял г1олилал, цадахъ ц1алулел. Васаздехун щибниги я божел я гьуинлъи бук1инч1о гьелъул.Рак1алдасаго унареблъун бук1ана Мадинае цадахъ ц1алулев Абдул г1ачиязул бокь бац1ад гьабулей йигей гьелда циндаго г1уж киниги цеве эхетун ватараб къо.Январалъул къо, т1ад рет1араб басриябго инсул куртка. Гъизарал эбелалъул галошал! Капюшоналдаса къват1ир ракарал меседил кьералъул расал ва х1алт1уца нур кунч1араб йокьулелъул гьумер- гьеб бук1ана Абдулида бихьулеб. Йиххиялъ ч1ах1алъарал г1урчинал берал! Къвалг1аги бач1ого ч1езе х1ал гьабуна Абдулица жиндаго ва абуна:
-Салам, золушка.
Мадина жийго йигеб бак1 бич1игун баг1арлъун яхъана.
-Нужер гьаниб бугеб ц1орой...
-Аа, - ян гьаракь гьабун бажарана Мадинахъа. -Дуда адрес кисан лъараб?
-Макьилъ бихьана - ян х1алимго гьимана жавабалъе гьелъул гьумералдаса бер т1аса босине к1оларого Абдул.- Мадина, гьедиг1ан мун х1инкъулейлъи лъан бук1арабани къуват г1елароан вач1ине.
-Абдул!
-Мадина, дир махсараби гуро. Рокъосел рит1изег1ан цоги мун йихьизеян вилъана
-Аллагьасе г1оло мун а гьаниса. Эбел-эмен рокъор рук1аралани гьез ч1валаан дун. Сессиялда рихьилин...
Чан нухалъ анишазда гьал г1исинал кверал жиндирго хъатинар къалел рук1арал Абдулица. Щиб каниги рокъосезда к1алъач1ого кивениги инаро.
-Мадина, гьеб дур инкарищ?
-Абдул, мун рокъосезда гьанив дунгун ватани сессияцин щоларо дие, а гьаниса, гьарула. Мун лъик1ав вас вуго...дие мун рек1ее г1ола, божа.Гьанже а. К1иязего лъик1 бук1инаан данде ч1вай к1очон тани.- ян маг1ил ц1уна Мадинал берал.
-Мадина- ян гурх1ун каранде ячана Абдулица гьей.-Дуе вокьулев вугогури дун...дие йокьула мун, дуда хадув вач1арав вуго ,божулищ? Машиналъур инсул вац, к1иго вацг1алзабиги руго-цин дур к1ал бихьич1огоян дица машиналъур ч1езаруна гьел...
Мадина эхетаралъувго васги тун азбаралъуе к1анц1ана. Хадувго хьитал чороклъиларидухъ кинабго г1адада бук1ин бич1арав Абдулги вилъана.
-Г1одуге. Дун гьабсаг1ат ина. Сессиялда рихьилин, г1одуге...ма, гьал розаби, - ян курткаялдаса рахъун жеги рагьич1ел бутоналгун розабазул квац1и бегьана гьес.- Инкар гьабуни хъамизе йиго, раг1улищ дир золушка.Къомех лъик1 дуе.
-Нух бит1аги, баркала т1угьдузухъ, -ан роц1ун ана ихдалил зоб киниги Мадинал гьумер.
Къочизе бугеб хиял къинабун Абдул каву рагьун нух бихьуларого къват1иве вилъана.
...Бакъанида эбел-змен шагьаралдаса рач1инег1ан чвахулеб маг1у бакъвач1о ясалъул бадиса. Хераб г1ака цо чанго нухалъ кваналеб херги тун нахъехун буссана щиб кидаго х1ухь къот1арай гьит1иналъе синкъиялда г1одизе канаян. Абдулил розаби маг1ица чанго къоялъ чурана, жиьдирго кроваталда гьоркъ рахчун ругел жал къаси-къаси къват1ирги росун бусалъуре.
Сессиялда Мадина эбелалъул баргьичги бан ана ва Абдул кант1изавуна росасе анилан! Т1ок1ав институталъул бак1алда Абдулида бер ч1вач1о Мадинал.
Цинги кисалиго перевод гьабун вач1ана Мага. Къвариг1ел гьеч1ел жал рук1унареблъи бихьигун, Мадинаца жиндирго къаг1идаялъ вач1инахъего рик1ад гьавич1о гьев - цодагьав сурукъав вук1иналъги ватила...Амма ахирисеб курсалда щвейгун т1аделъи ц1ик1ана гьесулги. Цо къоялъ мун гьеч1ого жив т1ад вусунарин абигун ц1алул анкьги хвезабун институталдаса т1аг1ун ч1ана тохаб жо кезе гурин х1инкъарай г1адан. Мага анкьидаса экстерном сессияги кьун Ленинградалде ине х1адурун вук1ана-кодор росарал билеталги рихьана гьес - цояб дуе цояб дие: бертинги доба гьабила-рач1ине бокьаразе цо самолет гIeлагури. Бечелъи ц1акъаб жо. Амма дур збелалъ щакаб мискинлъигун яч1арай нусалда «ясин» абилелда. Гьедин рат1алъана Магагун.
Эхеде щварай г1адамалда лъана гьит1инаи яцалъул раг1и кьун бук1ин.
Гьаний реч1ун доя реч1ун ана къоял - бидулъ бец1улеб рак1гун данде ч1вана щибазеяли росулъ вач1арав Ильгам ва гьесда Мадинаца абуна росасе ячейилан жиян. Гъот1одаса хасалихъ киниги т1аг1ун инел ругел сонал танхъинарун жиндихъа бажарулареблъи бич1ана Мадинада. Хур-хер, рукъ-бак1, ц1еда хьаг циндаго жиндирго бук1ине замана щун бугеблъи т1атана гьелъие. Г1асилъи! Ильгамида бач1инахъего кинабго бич1ана:
-Эбелалда к1алъан вихьила. Мадина, нахъа рак1 бух1илин дуран х1инкъун вуго дун. Гьаризе г1адамал рит1ун хадуса аб-добан абуге, гьарула. Бич1улищ. Мун г1адинай яс г1унги ц1ик1арай йиго дие ч1ужулъун.
-Paг1и кьола, Ильгам. Къадарлъи дица бичаларо.
Лъабго моц1алдаса гьел данделъана. Гьарун рач1аразда эбелалъ к1иго регьен гьабизе рег1ун гьеч1ин хадусал рач1аян абун батана.Гьеб квеш бук1араб Хадижатица нус, гаргадилей йик1аян жиндирго яцги, тун гьабун бертигун рокъое ячана.
Азбаралъув тира-свериги бахъун вач1ун Ильгам кьижизе вегана.Бугониги ч1амуч1 бук1ана гьесие кверагьари гьеч1еб г1умро. Рукъ-бак1 бац1ад гьабун , Мадина кванида яна - вахъаравго вакъун вук1инилан росан.Ц1еда хьагги лъун, тетрадь цебе босана. Бит1араб бицани Мадинал нухда к1инусазарго гъуруш гурони харж кеч1о, босараб къайи абуни миллионалдаса бук1ана, гьеб гуребги...Абдула-пашал сайигъатал: анц1ила щуазарго доллар, «лама», парфюмериялъул наборал ...Долларал гьелъ нухдаго щула гьарун рук1ана. Рокъой юссиналде г1езег1ан замана бук1ана сунда щиб гьабилебали ургьизе. Долларзухъ тахшагьаралда мина базе буго: цо нухалъ гьимула икъбал...
Стамбулалда доб къоялъ кидаго г1адин Мадина ва жеги руччаби тукаде инел рук1ана.Нух къот1ун унаго Мадина басриябго хьиталъул эгъе бордюралда бан аск1осан унеб бук1араб мерседесалда т1адги щапун хадуй машинабазул нухда т1ийит1ун кана. Аск1ор рук1арал щибго эс гьабизего рег1ич1о. Хъир-хъириялда машина ч1езабун хехго аск1ов вач1ана мерседесалъул бет1ергьан. Караб жоялдаса нечеялъ бекараб эгъеялда т1адлъун бергун баг1арлъун-хъах1лъун тунка-г1уси лъалеб х1ал бук1инч1о пакъиралъул. Мадинал-накалдаса чвахулеб би бац1ине йортана рихарал цадахъ рук1аралги.Гьанже бугеб-гьеч1еб г1арац милициялда бахъич1они- цо бук1ана х1инкъи Мадинал: аск1ов саламатав туркав щваравго хут1арабги pyxl т1аг1ана гьелъул ва жий «хъвасар гьае»-ян хурхана Пат1иматида. Ц1ик1унел рук1ана аск1ор рак1арулел г1адамалги. Бер щвезабун ясалъухъгин туркас гьей бигьаго кодоеги йосун машиналъухъе ячана, хадур рекерулел ручабазда цох1о раг1и бич1ана «клиника»,чаналиго секундалда жанир хадурги г1унт1ун к1игоял рахана машиналда жанир - цадахъ рилъинеян. Берцинго Мадинаги сидениялда лъун туркас телефоналдаса к1алъана, нахъехун вуссун зама-заманалдаса Мадинал тунка-г1усараб балугьулел руччабазе разиго гьимулаго. Шоферас машина хъаминабуна. Талих1алъ сахав, г1аданлъи бугев чи ватана туркав: гьел рокъор щвезег1ан тохтур валагьун ч1ун ватана гьезда.гьес хал-шал гьабизег1ан Пат1иматие ва Шаргьиматие хъулухъ-г1аданалъ яч1ун квана-гьекъеэе жо рекъеэабуна цебе.Цодагьаб бигьалъи бач1арал к1иялго шербет гьекъолаго сверухъ балагьана - машааллагь! Гьале рук1а-рахъин, гьале рах1ат, бечелъи! К1алг1аялъул ч1ух1и, к1одолъи! Гьебго заманалда т1аде щвана талмачи. Цодагьал тохтурасухъ ва господинасухъги г1инт1амун Мадинада  гьес абуна:
-Господинас гьарулеб буго т1ассалъугьаян рак1алдаго гьеч1ого караб жоялдаса. Кинабго т1алаб-агьаз жинца т1аде босулилан ва гьелъие разилъи  кьунани жив талих1ав вук1инилан, Мадина ва цадахъ ругел гьалбаллъун гьаризе Стамбулалда ругел г1анасеб заманалда. Тохтурас абуна х1инкъизисеб жо гьеч1илан - бугониги жакъа дуда аск1ой медсестра йик1ине йиго:стресс г1одоб буссинег1ан.Нужер группаялъул руководителасда гьабсаг1ат лъазабун буго ва адрес кьун буго вакизе вач1 ине бокьани.

Сурана гьал чидир г1адамазда цее. Наг1ана батаяб хьит - гостиницаялдаго бекизе бегьулеб бук1инч1еб къаг1ида, гуро халкъги бак1арун шагьар бакъулъ буго холеб!
-Баркала. Дун намуслъун йиго каралдаса. Г1айиб гьабугеян гьаре бегьулеб батани: хьиталъул эгъе бекун таларай г1адан щапана машиналд т1аде. Бегьулеб батани г1айиб гьабугеян гьаре господинасда. Квал-квал кана нужее. Баркала киналъухъго. Баркала.- ян нечеялъ диваналдаса гьоркъе т1ерхьин х1ал бук1ана Мадинада.
-Ургъел гьабуге. Гьазиеги полициялда лъач1ого т1убазе бокьун буго. Господин Абдула-паша ц1ар араб банкалъул бет1ергьан колелъул.
Толмачи к1алъалаго Абдула-паша данде вит1ун эхетун вугев г1адан гьоркьа-гьоркьанго гьимулаго Мадинахъе бер рехулев вук1ана. Полициялъ ургьел гьабулев г1адамасдани релъунго гьеч1оан гьев.
Ахиралдаги Мадинахъа балагьун бажарана гьесухъ - Господин хехго ралаго галабигун аск1ов щвана:
-Абдула-паша.-ян х1алимго гьимана гьев.-Талих1ав вуго Дагьистаниял нуж ратиялдаса.
-Баркала, -ян данде гьимана Мадинаги. Дир инсул ригьалъул г1адан вихьулаян, -Баркала т1алаб-агъазалъухъ. Нужер гьабулеб хут1ун батила. Рак1 рак1алъулаб баркала. Бегьулеб батани ниж инаан руководитель т1аде щваравго.
-Господинас гьарулеб буго г1едег1угеян, гьев къойица х1алт1уда вук1ине вуго - мадар лъугьинег1ан гьаний йик1аян - рокъор т1ок1ал г1адан  чи къойица хуъхъулухъ г1адан гурони  рук1унарилан гьанир.Гьанже господин живго вуго гьаб минаялда г1умро гьабулев, гъулугь хъулухъ -г1аданалда т1ад къан буго .
Толмачи к1алъан вахъиналде Мадиниде т1адги къулун Абдула-пашаца гьелъул квералда баана ва бет1ерги къулун къват1иве ана. Гьанже xвана кинабго! Дун «туснахъищ»?!
Толмачи гьими бахчич1ого  вук1ана Мадинада бугеб х1алалда валагьун - рагьараб т1ехь киниги ц1алулулел ругин колаан гъарималда гьелъул щибаб пикру гьал г1адамаз:
-Г1адахъ босуге. Гъоркъ дур гьалмагъзаби шербет гьекъолел руго, гьабсаг1ат т1аде руководительги вач1ина. Рач1а лъай-хъвай гьабизе: дун –Сэлим.
-Мадина.
-Союзалдаса г1емер халкъ хьвалулеб буго гьаниб къайи босизе. Нужер доба лъик1аб х1ал батиларо Союз бихаралдаса?
-Бит1араб...Щиб лъик1лъиха бук1инеб. Киналго жиде-жидее г1амал гьабизе рортанхьилел руго: цоязда данде билъун, цоял-ракъуца холаго...Бихьугеги,-бет1ер бак1лъулеб бук1ин х1акълъана Мадинае: тункидай щвана.-Г1айиб гьабуге,  дун макъихун иней йигин кола, даруйищ?
-У. Цодагьалъ х1ухьбахъе. Х1инкъуге! гьоркь г1адамал ругин ва гьел мун гьеч1ого кирениги кьуруларин руго- кьижа цодагьалъ. Данде ч1вай лъуг1игун Абдула-пашаги щвела мун йорч1иналде.
Аллагьас хъвараб бихьилилан Мадина кьижун кана, т1ок1аб жиндаго х1ал гьабун бажарулеб гьеч1еблъи бихьигун... Йорч1игун рокъоб жаниб канлъи бакун бугоан. Вай! къасилъараб къаг1ида дун къижун йик1аго, гьанже гьабулеб щиб?
-Мадина,  щиб х1ал буго7 - ян к1алъана сабруялда гьелъул макьу ц1унун хут1арав медсестрагун гаргадилев вук1арав Сэлим.
-Баркала. Дагьабго бет1ер унтулеб буго-г1уж гуреб мехалъ кьижиялъ батила. Хадур г1адамал рач1инч1ищ?
- Гьез духъе кагъат тана.  Пат1иматин абурай г1адан гъоркьаги йиго, цодагьай цееги мун кин йигищали балагьизе т1аде яч1ун йик1ана гьей.
 Цощинай гьаз дун махсароде колей йигодайян х1инкъараб пикру бач1ана гьелъул лъалаго унтулеб бугеб бот1рода?!
-Сзлим, бегьулеб батани Пат1иматида дихъе яч1аян гьаре.
Гьес гьимулаго телефоналдаса к1алъана.Мадинаца кагьат ц1алилелдего жаний лъугьун яч1ана Пат1иматги:
-Щиб х1ал бугеб, месед? Караб жоха жакъа.
-Нечон йиго нужедасаги. Баркала рехун теч1елъухъ, дур гьабулеб хвезабуна дица, г1умроялъ налъулай йиго дун. Щиб гьаз хабар халат гьабулеб 6yгеб т1ад русине бегьулародай бец1лъунги бихьулин.
-Господин гьеч1ого ине рекъон бук1инаро гьанже т1аде щвела гьев, - ан аск1ой к1усана Пат1имат.
Телефоналъул гьаракь бахъана.Сэлимил гарагадиялдаса господин вук1и бич1ана киназдаго.
-Г1айиб гьабуге, - ян медсестра ва Пат1имат нухда лъуна гьес, ва живгоги къват1ив ана. Нуц1а къайгун к1ут1ун т1аде яхъун сверулеб бет1ергун диваналда г1одои ч1ана Мадина ва жиндаги т1ад бан бук1араб покрывало сок1ун лъуна. Лъалаго бух1улеб бук1ана тункараб накуги.
Жанив лъугьун вач1инев Абдула-паша вихьигун к1анц1ун т1аде яхъунеи Мадина бигьагьаюн диваналда к1усун кана. Г1адамал релъараб гурони жо бук1унаро диран, баг1арлъун яхъана гьимулаго данде вач1инев вугев Абдула-пашадаса нечоца холаго.
-Г1айиб гьабуге,- ян бац1адаб маг1арул мац1алъ к1алъан вахъана гьев, -Рокъов чи вук1унарелъул эс гьабич1о нуц1ида к1ут1изе. Х1инкъуге. Баркала дун вач1инег1ан ч1аралъухъ. Жеги усалго йихьула мун.
-Маг1арулавищ?- ан г1ажаиблъи бахчун бажарич1о Мадинахъа.
 Абдула-паша г1едег1ич1ого данде вит1ун креслоялда г1одов ч1ана:
-Уха, дир яс. Дагьистаналдаса. Мунги маг1арулай ятиялдаса вохарав вуго. Ниж Турциялде гочаралдаса дун ункъабилеб къералъул кола... Гьарула къаси хабар-к1алалда гьание ч1аян. Дун янгъиз вуго. Васги вач1ун- н вук1уна. Гьари къабул гьабилищ, Мадина.
-Лъаларо. Нечон йиго караб квал-квалалдаса. Пат1иматидаги щибин абилеб.
-Бигьаяб х1алт1и. Дица шофер вит1ила бокьани гьей щвезаиизе, бокьани гьоболъухъ ч1айин абила. Гьаб ч1обогояб бак1алда цо-цае къварилъи келарин кола рак1алда, -ян телефоналъ к1алъана гьев.- Пат1иматица къвариг1ел батич1они жий щвезайин гьарун буго. Дуе саламгун ана гьей. Метер яч1иниланги абун.
Мадина цощинаб мекъи гали жинца т1амулеб бугодаян вас-васдизе т1амуна.
-Ч1елищ къаси аний? Дида жеги Дагъистан бихьич1о. Эбелалъул анищ т1убач1ого къанщана пуланалъ берал- гьеб бук1уна рек1елъ рук1к1ен киниги х1енчелеб. Ват1ан тун рикк1ад г1умроялде каразда г1адин  лъалеб батиларо гьелъул къимат.
- Нуж нек1огоялдаса Турциялда г1умро гьабулел г1адамал ругьунлъун ратила гьанир.
-Би. Гьелъ кутакалда ц1ала г1адам гьавураб бак1алда. Нижер хъизамалда т1ок1аб жоялъул хабарго бук1унароан  Дагъистаналъул ва муг1рузул, г1адатазул ва рук1а-рахъиналъул бицен тун бат1ияб. Гьелъги батила дида цин киданиги ругьунлъизе к1веч1о чидар ракъалда.
-Нуж анир кинанха карал?
-Бидулал рахъун-, нек1о гьеб к1удияб х1алт1и бук1ун буго. К1удадал инсуца росу тезе кун буго ясалъул рогьо бац1ине мац1 гьабурав г1адан ч1ван. Ц1акъ тамахав, х1алимав г1адан вук1ун вуго - ч1вазе карасул ич1го лъимер-жиндиего хвел гьабураб гьесул ч1ужуялъги жиндир к1ал сабаблъун бет1ергьанчи ч1вайгун. Рак1 бух1арав гьес бук1араб маг1ишат, мина-къоно лъималазеги тун гочун вуго Грузиялде, гьениса- саназдаса абадиялъго, революция кеигун, Турциялде...
Мадина унгоги гурх1ана гьал санал арав залимав къаркъалаялъул чидар ракьалда г1умро т1амулев бугев г1адамасда ва ват1аналде инагьдилаго хун т1аг1унел ругел гьесул харабазда. Бихьич1ссда лъалеб жо батиларо гьелъул бак1лъи ва къог1лъи. Бечелъиян рук1уна - гьебги гьадингояб жолъун колеб буго гьадинаб рак1 беки бугел г1адамазе.
- Абадиялъ бихьич1ониги рак1 ц1алеб буго. Мадина-ханум, мун киб г1умро гьабулей йигей?
-Ралъдадаса рик1ад коларо, г1оцебесеб муг1рузул хребеталда гьоркьор...Маг1арухъ бак1 гьадинго ун бихьани гурони дидаги берцинго бихьич1о. Бугониги берцинб т1абиг1аталъул бак1 буго .
-Гьанжего-гьанже вахъилин къват1ивеян вук1аго циндаго зах1матго унтана хъизан, ана лъаг1елгун хадур моц1ал ракалъ к1ек1улаго пакъиралъ -к1веч1о хъвасар гьайизе: х1алимай, х1еренай г1адан йик1ана мунагьал чурад.
-Нахъ ругезул г1умро халатаб батаги Абдула-паша, - ян зигари гьабуна Мадинаца.
-Амин, дир яс.Гьанже цох1о унтарав Фархадил бадив валагьун вуго хут1ун - гьесдаса дир берал алагьас гурх1ун цере къанщизареян гьарулаго.
-Абдула-паша!-ян жиндаго лъач1ого маг1у хулана гурх1иялъ Мадинал бадиб.
-Щибасул къисмат. Г1айиб гьабуге херасда:къвач1а бач1инахъего ч1ехьон анин.
Киданиги келароан унго г1адамаз бачун бугебщинаб къварилъи.Унтарав васги. Гурх1аха аллагь мун гьезда - г1езег1ан г1адамлъи бугел чаг1иги рихьулин, дунги йик1уна г1оч1ода х1ули ч1ван къварилъанхъдилей - гьале къварилъи!
Рогьинег1ан цоцада данде г1одор рук1ун жиде-жидер бицана к1иязго. Г1емераб заманалда рихьич1ел эмен ва яс киниги рук1ана гьел. Мадина асир гьаюна гьезул тухумалъул х1акъалъулъ Абдула-пашаца бицаралдаса. Чан тере-сверелал рук1унел ругел г1адамазул г1умродул сухъмахъазда. Г1инт1амун свакалев вук1инч1о гьев Мадинаца Болъихъ районалъул, гьенир ругел муг1рузул ва г1адамазул рук1а-рахъиналъул биценалдаса.
Иналда цебе Абдула-пашаца гьарана:
-Т1ад дун анц1гоялда вуссина -  кин-щиб бугебали банкалде щвеч1ого балагьич1ого к1оларо-ругьунлъун ватила. Гьарула дунт Т1ад вуссун вач1инег1ан гьании йик1аян, х1ухь бахъе. Цинги дуе бокьаралъе рилъина. Раг1и къолиш лъутиларин, - ан гьимулаго Мадинал надалда баана гьес.
-Лъик1, -ан даде шурана гьелъги
Ана х1алт1уде Абдула-пашаги... Щабдай гьабун лъик1илан гъоркъе яч1уней г1адамалда данде ч1вана г1едег1алихъего жанив вач1инев ц1акъго хъах1аб гьумералда кьер бугев г1олилав.
- Ворч1ами, - ян борч1ана Мадинахъа т1анк1ан хозяинасул вас Фархад ватулин рак1алдаги кун. Гьайбатав г1олилав вихьула, бечелъиялда г1урав г1адан вихьахъего ват1а вахъизе лъаларишха бецасдаги.
-Ворч1ами, - ян эменго кин х1алимго гьимулаго бац1адаб маг1арул мац1алъ к1алъана гьев х1ат1идаса г1адале хехабго бер ясалда щвезабулаго. Машааллагь,  гьай киса, щибулей гьании?
-Мадина, -ян к1арчамго квер бегьана лъай-хъваялъе Мадинаца. Т1адеги жубана. - Дагьистаналдаса.
-Фархад, - ан квералда тамахго к1ут1буз баана гьес цодагьаб щиб-кинабили бич1улаго. - Эмен рокъов ватилароха.
-Гьеч1о. Анц1гоялда вач1инин абуна.Гьев вач1инег1ан кьураб раг1и хвезабизе к1оларого ялагьун ч1араи г1адан дунги йиго гьании. Мун Абдула-пашал вас ватила, дун йит1арай йигищ? – ан маг1арул мац1алда жил к1алъалел рук1ин циндаго  якъинлъингугн г1ажаибго ялагьун  цеве эхетерев васада ялагьун ятана Мадина.
- Бит1араб. Ц1акъ вохарав вуго лъай-хъваялдаса, -ян циндаго ц1акъ свакарав чи киниги аск1обго бугеб креслоялда г1одов ч1ана Фархад
- Квал-квал гьабулеб батани дун ина, -ян цощинаб жий г1айибай х1алт1и батизе гурин богорокъорехун галаби гьаруна Мадинаца.
-Г1едег1уге, гьарула, г1одой ч1аян, -сварабго гьими кунч1ун т1аг1ана гьесул х1ат1ул къерб гьурмада. -Гьаб рокъоб к1алъазе г1адан къанаг1атав вуго ахирал саназ...
Мадина танхъун ч1ана – цо чашка кофе анищ рак1алдаги кун ва  аск1ойго диваналда г1одои ч1ана.
-Нижги Дагъистаналдаса кола.
-Абдула-пашаца бицун бук1ана, - ян тамахго гьимана Фархадил бадий ялагьулаго Мадина. -Ц1акъ йохарай йиго рак1алдаго гьеч1еб бак1алда Стамбулалда ракь цоял ратиялдаса. Рак1 бух1ула заман щвеч1ого цееса арай Фэридэ-ханумида - бак1аб гьир лъун буго къисматалъ нужер к1игъажазда.
- Баркала. Гурх1ула инсуда, диени абизе къваби ругин коларо гьаб дунялалда...
-Фархад! Абуге гьедин. Т1ад вугесул х1укму нилъеда лъалеб ва нилъеца къот1ун т1убалеб жо бук1унарин. Инсуда гypxla - досие мугъ ч1вай дудасан гурони гьеч1еблъи минуталъ к1очоге, гьарула - гьеб нужее дару, дида лъалеб бак1алдаса. Господин Абдула-пашал хьул къот1улеб гьеч1о мун сахлъулин абуралдаса.
-Дун лъимер гуро, - ян г1одоб бортараб киниги къулана гьес бет1ер.
Чанги жо лъалеб бихьула ясалда - кисан гьании карай г1адандай?Дие инго лъик1. Вихьани херасул рак1 бакъвай тун хисизе жо гьеч1елъул...
-Аллагьасе г1оло, Фархад. Божа мун сахлъизе вуго. Дица инсуда гьарила мун цодагьалъ, дуе бокьани, маг1арухъ вичаян. Дора бугеб т1абиг1аталъул дараби г1ела мун сахлъизавизе.Лъалищ нужер Болъихъ кинал муг1рул ругелали!? - ян цее эхетана Мадина.
-Унго дур берцинлъи, маг1арулаи, -ан хабар бат1айиса сверизабуна гьес. Бокьун бук1инч1о кидиго унтиялъул пикрабазда вук1ине, гьелъул бицине, дараби гьаризе - ч1алг1ун бук1ана кинабго.
-Фархад, -ан намуслъана Мадина.
Гьалеха дирго йик1ине колеб бак1 бихьизабуна гьас дида: бит1араб щий дун гьазие - чаналиго саг1аталдаса къомех лъик1 гьабуни абадиялъ я данде ч1вала я ч1валаро. Гьеб гуребги цощинаб дида яч1арай киниги ине лъаларого бугодай?!
-Хиял батани йилъа тири бахъизе ахикье, - ян Мадинал гьумералда цо хиса-баси бихьана Фархадида.- Г1айиб гьабуге дида. Мун гьаний киса карай г1адан?
-Къавуда хадуй яч1ун йик1ана. Сон къад нухда унаго хьитил каблукги бекун дур инсул машиналда т1ад кверел ч1ван ана, щапун иней г1аданалъ. Абдула-пашаца ц1акъ г1аданлъи гьабуна - полициялда келин xlинкъун йи1к1арай куц.
К1алг1а сверун маргьо г1адин къач1ан берцин гьабун бугоан пихъил paгla-ракьан гьеч1ин колеб ах.Т1угьдузул гьайбалъи! Ругелщинал фонтанал-алжан бук1унеб батила гьалда релъараб! Вуц1ух1ун цеве-цеве инев вук1ана Фархад. Раг1аби гьадинаб бак1алда х1ажат гьеч1ин хадуй йилъана сих1 къот1ун Мадинаги.
Цощинай Мадина ун ятилин х1инкъарав киниги цудунго щвана т1аде господин Абдула-паша. Васасда бер ч1вайгун разияб гьими кунч1ана гьесул гьурмада. Мадина ,молодец-гьале х1анч1и киниги руго цоцал рак1 гъеялда. Хабар бак1аб бук1араб г1адин бихьула к1ияздаго гьоркьоб. Фархад, гьарула, цодагьаб к1очене те унти!Абдула-паша къочана васасда – анкьидаса бук1аралъул цоцада рихьич1ого:
-Мадина-ханум, лъай-хъвай гьабураб къаг1ида. Вохарав вуго нуж данде ч1ваялдаса.Фархад рак1 г1ат1идав, къвак1арав вас вуго. Бокьарав эмен талих1ав вук1инаан гьединав васасдаса,  - ан Мадинада т1ад лъун гьардолел бералгун к1алъана Абдула-паша. Нолъ бицараб васасда загьирлъизе бокьун бук1инч1о херасе.
-Божула,  господин Абдула-пашa, - йин гьимана жавабалъе Мадина. -Гьединав инсул бат1ияв вас вук1ине ресго батиларо. Абдула-паша, гьанже нужее квал-вал гьабич1ого группаялде т1ал юссине бокьун бук1ана дие.
-Кванач1ого? Рес гьеч1о.- ян Мадинал рукъ куна гьес ахикьго бугеб столикалда гьеи ячунаго. Фархад пашманго хаду-хадув вилъана.
Бит1араб бицани яч1инахъего рек1ее г1уна гьесие инсул гьобол. Мадинал рагьи, г1адамасдехун бугеб рак1 унти – гьедиг1ан Стамбулалда г1урал гьезие къанаг1ат рук1урул гьел х1ужаз тамах гьабуна ц1оро-гъорон инеб бугин колеб бугеб Фархадил  рак1. Лъик1ай г1адан ятилин кола. Киналго минуталда къач1араб столалда нахъ к1удияб гьот1ол раг1адалъукъ г1одор ч1ана. Гьава ц1ун т1ибит1ана х1ухьлал кун бугеб кофе - хъапун чашка босилеб х1ал бук1ана Мадинада.Цодагьалъ ях1 гьабун лъик1. Столалда г1одоре ч1аралдаса Мадинадаса бер т1аса босизе колеб жоян эс гьабулеб бук1инч1о Фархадица. Бихьана санаг1ат гьеч1ого лъугьарай Мадинада бугеб х1ал Абдула-пашадаги. Кванан рахъаралго Мадинаца абуна:
-Баркала. Рак1-рак1алъул баркала къисматалъе чидар ракьалда ракь цоязулгун лъай-хъваялдаса. Гьарула, цоги нухалъ т1аса лъугьаян рак1алда гьеч1ого караб квал-квалалдаса. Баркала, господин Абдула-паша.
-Дуеги баркала , дир яс. Дун къоялъ гьабизе жо гьеч1ого вуго - бихье дица тиризайила мун тукабазда ва босулеб т1абан бахъарабго гостиницаялдеги щвезайила.
-К1варич1о, господин...Нечон йиго нужер г1аданлъиялдаса...
-Унго бокьани къвариг1араб абе дица босизе бит1ун гостиницаялде щвезабазе вит1ила Ахмад. Инкар гьабуге, дир яс.Нижее гьеб г1иси-бикъинаб иш бугин. Божа.
Дир ясин к1алъалев гьав чиясла щиб абизе бегьулеб. Гьабич1ого инкар кин къабул гьабулеб кумек.... Фархад кинабго к1очон тун т1ад лъун бералгун ч1еялъул маг1на щиб? Хех гьабун гьаниса къват1ий яхун бажарулареб кин дихъа. Хъанхъроялъул хьухьазда жен-жендилей йигеб х1ал бугин. Мадинал каш-пишал танхъинаруна т1аде вахъун к1алъарав Фархадица:
-Мадина-ханум, ниж талих1ал рук1инаан группа т1ад буссинег1ан мун нижехъ ч1ани. Бич1ула къойица банкги рехун тун дургун данде ч1ваи киг1ан хирияб бугебали инсуе. Гьарула.
Гьале гьанже хвана кинабго! Бигьаго йорч1илин коларо. Щибизе дун гьазие!?
-Баркала. Руководительгун данде бач1ого т1убаларо. Гьеб гуребги ниж т1ад руссине абизе къваби хут1ун гьеч1о.
 Васасул гьари къабул гьабигун бадиб маг1у хулана Абдулал .Щиб бук1ани щиб цо гьесул разияб минут щолеб бугелдаса.Чанго къо рокъобг1аги балеб батила- цевеса т1ерхьинч1ого - хисарав куц пакъир эбелалъ берал къанщаралдаса.
Цоцае хириял рук1ана эменги васги г1ажаибго.
-Дун цо минуталъ, - ан гьес г1олилал жалго тана.
-Нуж тирун вач1инег1ан дун сунданиги вуссина, - ян Мадина ч1еялдаса вохана Фархад. Пашманал берал Мадинал бадир ралагьарал нахъе росулел рук1инч1о гьес. Инсуе бокьараб т1убазе кумек гьабунилан вук1ана гьев. Бугониги рак1алда бат1ияб асар бук1ана гьесул- щиб караб, хисараб? Щибго кибениги кьурич1о - гьабсаг1ат эменгун т1аг1ина Мадина ва ч1ан-ч1обогояб рокъов хут1ила дун гьел рач1иналъухъ валагьун...Рач1иналъухъ валагьун? Унго! Мадина яч1иналъухъ - цинги хабар-к1алалъе диеги щвелеб батила замана.
Телефонгун т1аде щвана Абдула-паша:
-Мадина, гьале к1алъай, -ан бегьана гьес трубка гьелъухъе. - Руководитель.
-Баркала. Камиль Х1асанович? Мадина йиго к1алъалей... баркала, квеш гьеч1о. ..цо-к1иго къоялъин гьарулеб буго...дуда абурабищ? бич1ана. Баркала, гьарула заман щварабго яч1ине, кват1улей йигони гьаниб к1алъаян. Баркала. Тана.
-Разилъанищ? - ан гьимана циндаго Фархад. Абдула-паша цодагьав рик1ад столалда нахъ г1одов ч1ун вугоан цо щибалиго cyaл жинца т1убач1ого г1олареб х1исаб бугоан гьесул.
-Разилъана. Нечон йиго цадахъ ругезда рак1алда щибдай кела?
-Бигьаяб иш. Гьезда вихьана гури дун, - ан аск1ов щвана Абдула-паша.
-Фархад живгойищ телев?
-Г1адахъ босуге. Студиялда араб лъач1ого уна замана, – намуслъанин кана щаялиго г1олилав Мадинада.+
 Жиндирго пикрабаздасадай?
-Бокьани цадахъ вилъа, - ян к1алъана Абдула-паша.
-К1варич1о,  -ян инсуе гьедин бокьилилан тана гьес. -Студиялде вахина.
-Мун гьенив вакич1елдса лъаг1ел батила - рац1алъи гьабизе цадахъ Лайлагиниги яче.
Мадина тамахго жансанго гьимана - художник?!
Нусго раг1иялъул асар гьабуна Мадинал гьимиялъ Фархадие. Унгоги балъголъи йиго инсул гьобол. Къаси балагьун рихьилин...Къаси? Дун цох1о инсуда бер ч1ван т1ад вуссинилан вач1арав г1адан. Цощинаб гьесда мекъи бихьиладай дун «г1емерлъи».
-Фархад, дир вас, ниж кват1иларо. Мун инарин хьул буго. Бокьани Ахмадгун мун а гьоболалда шагьарги бихьизабиэе.
-Хиял гьеч1о, эмен. Дун нуж рач1иналъухъ балагьун вук1ина.
Аск1об бачараб машиналъуре рахана Абдула-паша ва Мадина. Лъабкъого долларги чвантиниб лъун къайи босизе иней йигей дихъ балагье, г1адамалан ах1т1елеб бук1ана Мадинал рак1. Сурана к1иябго х1укуматалда!Къват1ир ч1вазаруна маг1арулал,т1ассалъугьа болъихъал.
-Мадина, щиб босизе бокьун бук1араб? -ан ц1ехена саламатго нух тараб заманаялъ Абдула-пашаца.
-Цо-к1иго кофточканиги босилин иик1ана, гьадинаб ч1ух1араб тукада бечедал гурони унел цин ратиларо.            
 Цо сундалиего кант1арав киниги лъугьана гьев ва ч1езабизабун машинагун къват1ие яхъаян Мадинахъе квер бегьана, хадуй йилъана жиндир инжитлъиялъул г1орхъи гьеч1еб къаг1идаян жаниса кваналаго.Т1оцебесеб этаж сверун, к1иабилелда посудаялъул отделалда ях1 гьабун бажарич1ого эхетун хут1ана кобальталъул сервизазда цее Мадина.
-Бокьанищ?
-0!-ян гурони гьаракь гьабун бажарич1о гьелъухъ. -Рач1а босизе - ян кассаялдехун валагьун ана Абдула-паша, амма Мадинаца рукъ кун танхъинавуна господин Абдула-паша:
-К1варич1о. Дихъ лъабкъого гурони доллар гьеч1о.
-Мадина. Дида лъала мун гьаний миллионал росун яч1ун гьеч1еблъи. Дир г1емераб замана бук1ана тукаде лъугьун жо босич1ого, рач1а жакъа гьеб к1очон тараб г1адат , бокъараб босун, ц1и гьабизе.
-Абдула-паша, гьарула, к1варич1о - гьеб ц1акъ багьаяб посуда буго.
-Дун дуе господин кин вук1унев. Нилъ маг1арулалин. Г1иси-бикъинаб жоялъул бицунге. Банкалъул карточка йичарухъанальухъеги кьун - цо лах1заталъ цебе батарабщинаб босана Абдула-пашаца гьелъие. Рат1лил отделалда «лама» босилилан ч1ейгун Мадина инкар гьабун т1ирун ч1ана.
-Аллагьасе г1оло! Киг1ан нужер х1урмат гьабуниги гьабгощинаб багьаяб къайи босизе к1оларо - яч1инахъего миллионер яхъине гьаюлей йиго дуца дир ,Абдула-паша. Йит1ун йич1а, - ян гьарана чаналиго коробка къавул машиналъубги лъун рокъоре т1ад руссунеб мехалъ.
-Г1инт1аме, Мадина. дида лъала дур х1ал. Дир киданиги йик1инч1о я яц яги яс - щвеч1о гьединаб талих1: камуна эбел, хъизан...
-Ц1акъ нечон йиго. Рокъосездаги щиб абилеб?
-Дир хъизан-къаялъул х1акъалъулъ дуда кинабго лъалаха... Щуго миллиард бац1адаб г1арац буго дир. Фархадие гьеб х1ажалъизе гьеч1о...дие гьанже бичун босулелдаса вохи нек1ого т1аг1ун буго: лъие ва щибизе! Х1алт1и гьеч1ого бет1ер сверизе гурилан хьвадула банкалде. Свакан вуго киналдасаго. Цох1о мунгун жакъа бараб саг1аталъухъ ва Фархадил «ч1аголъиялъухъ» миллион харж гьабизе рази вуго дун.
-Дица рокъосезда щибилан абилеб?
-Бокъараб Мадина, бокъараб, дир яс. Гьарула къабул гьабе нижедасан кумек. Мун гьелъий тасдикъай йиго. Лъабкъого долларги чвантиниб лъун Турциялда яч1ине к1варай г1адан ц1акъ къо бух1ун гурони яч1ине рес бук1инч1о - дун вит1арав гьеч1ищ? Бигьаяб батиларо нужехъ г1умро?
-Бат1а-бат1аго. Дир гьадинасан кана, рес бугелги г1езег1ан руго, - циндаго г1одун йичан тана Мадина.
-Г1одуге масед. Гьединаб дурго къварилъигун нижеда гурх1иги г1ела, Мадина-джан, г1одуге, нилъ щолел ругин Фархадида гьел берцинал берал баг1арлъун рихьизе ричаге, гьарула. Сабру ц1акъаб жо батана дида.
Амма кват1ун кана - берал пурхун -баг1арлъун рач1ана. Фархадида бер ч1вазег1ан Мадина парт1ан жиндирго рокъое г1едег1ана. Чаналиго саг1аталдаса нуц1ида к1ут1улеб гьаракъ бахъана - Фархад вач1ун вугоан суратал рихьизе йилъинирищан. Мадина разилъана. Абдула-паша цодагьалъ гьапулъун вугин абуна васас. Унго гьенир камурал суратал гьеч1оан: портретел, пейзажал, авангард, модерн... ч1агоялин колаан суратаздаса балагьун ругел цоцадаса берцинал г1олилал, гьале берцинай ч1ужу г1аданалъул сурат, - гьелъул гьайбатал беразул балаялъул пашманлъи! Эбел цин гуродай? Мадинал пикру ц1алараб киниги Фархадица бет1ер гьанк1ана « уян».Цинги гьес жидерго тухумалъул г1адамазул суратал рихьизаруна. Саламатабго галерея бугоан гьес г1уц1ун. Ахиралда намусго хъах1аб катаналда гьоркъ бахчун бук1араб сурат рагьана гьес:
-Лъугьун батиларо, - г1емераб замана бук1ана кисть кодоб босич1ого.
Бер босизе к1оларого хаган ялагьун хут1ана жиндирго сураталъухъ - унго махщел - ниж рач1инег1ан рак1алдаса бахъун бихьуларищ машааллагь, берцинго релъен бакъван цин бихьуларин, ях1 гьабизе к1веч1ого квер хъвана аск1оег1ан  йилъун сураталда Мадинаца:
-Машаалагь! Дур унгояб махщел бихьула суратал рахъизе. Баркала, дир лъицаниги сурат бахъун бук1инч1о. Художникцин ч1агояв т1оцеве мун лъана,-ян аск1ое йилъун гьесул к1аркьада баана Мадинаца.- Мун гений вуго.
Гений щив колев?- ан къвал базе хиял гьабуна гьес, амма хехго кверал рац1укъа нахъе росана
-Гений - бищунго лъик1 ва киниздасаго лъик1 махщалида х1алт1и гьабун бажарулев г1адан. Макьилъ ятила дун. Нужер рокъой шваралдаса кинабго маргьолъун буго дие. Баркала дуе ва инсуе.
-О! дуца ц1акъго вецулев вуго дун, гьарула гьаб сурат рак1алде щвеялъе къабул гьабе дир рахъалдаса, Мадина.
-Баркала. Жакъа дур инсудаса нечеялъги ине бак1 лъуг1ун буго дие. Цох1о къоялъ лъалей г1адан дун...нужер лъик1лъи кида дица бец1ун бахъилеб? Къокъабго заманалда жанир «гlагарлъана» нилъ. Киданиги щибго кьеч1ониги нуж дида к1оченаро. Бич1улищ,Фархад , дида мун гьадинги к1оченаро, божа.
-Лъалищ? мун яч1инег1ан т1ок1ав гьаб рокъоб дица нуц1а рагьиялъе щаклъи бук1ана. Г1ададайищха дун жанив лъугьарав?- ан гордехун вусана гьев.
-Фархад, т1асалъугьа. Жеги дие лъицаниги гьадинаб сайигъат гьабун бук1инч1о. Гьеб г1умруялъ бищун хирадаблъун бук1ина гьанже дие, -ян Мадина х1еренго гьесул бадий ялагьана. -Баркала. Бакъван тун т1ад ц1ар хъвай, гьарула.
-Унго? Инсуца кидаго абулаан маг1арулал маг1арулал ругин абун. Дида гьанже бич1улеб бугин кола гьелъул маг1на. Нилъ цоцада рич1и аслияб иш. Эмен вук1ана мун т1аде юссине колилан.
-Щугоялда поезд. Цойги мун яч1инег1ан хьулалда рук1ина ниж. Ихдал Дагьистаналде рилъинин абуна гьес. Хьул бижана нижеда - гьеб гьеч1еб мехалъ г1адан «ч1амуч1лъулев» вук1ун вугев куц. Цодагьабниги унти дидаги к1очена...Мадина, цо суал бегьилищ?
-Гьикъе, -ян гьимана тамахго гьей.
-Мун росасда йигищ ? -ан х1алихъего абунин кана Фархадица гьел раг1аби.
-Йиго, лъабабилеб моц1, - ян щаялиго мух1кан гьабун абун бахъун кана Мадинахъа.
-Маг1арулав ватила. Г1адалаб суал, гьединай гьайбатай яс рос гьеч1ого йик1инищ...- ан абулаго хехго галаби ран диваналда аск1ов ун г1одов ч1ана гьев - унти т1аделъараб къаг1ида.
-Фархад, щибго дида гьабизе к1олеб кумек батани абе, -ян гьесда цее накабазда к1усана х1инкъарай Мадина.- Дару босизе инищ?
-К1варич1о - дун квеш гьеч1о. Жакъа цодагьаб бак1лъи кана - г1адахъ босуге.Ч1агояв г1адан лъидал, вагъа-вачаризего зах1малъулеб буго къойидаса-къойиде.Мадина, дида бугеб х1ал дуда лъала – инсуца бицун батила - бегьулеб батани тоге ниж рехун. Бегьуларищ хехго цоги къавуда хадуй яч1ине?
-Зах1мат буго абизе, бет1ергьанчияс разилъи гьабич1они кин яч1иней?Ниж Европаялда киниги хьвадуларелъул: росас абуралдаса кьуруларо ч1ужу. Нужерги гьедин батила. Дагъистаналда чанги гьайбатал ясал руго - их щвезе хут1ун моц1ал гурони гьеч1о - гьел арал лъач1ого т1аг1ина. Т1абиг1атги буго нижехъ балагьун г1орц1улареб.
-Божула. Берцинлъи аслияблъун кидаго рик1унароан дица ч1ужуг1адамалъулъ.
-Фархад, мун сахаватав г1олилав вихьула - гьелдаса йохарай йиго дун, - Рес бук1аго дун щвела Стамбулалде.
...Гьалдалъун мина базе бажариларо, жеги чанги къо бихьич1ого. Хадуб х1алт1иги бичун босизе кола- х1укуматалъул.Хераб къо кинаб бач1инебали лъаларелъул, пенсияг1аги бач1ине х1алт1изе хьвадич1они.
...Нахъисеб къоялъ ц1акъ берцинго нухда лъуна гьез жидерго хирияй гьобол. Стамбулалъул к1удияб вокзалалда щваралго жеги анц1ила щуазарго долларги босизабуна Абдула-пашаца - мина гьабизе «гьит1инабго кумек», ва кида Турциялда яч1аниги нуц1а рагьараб бугин жидеран, к1очон тогеян жидехъ щвезеян рак1- рак1алъ гьарун абуна.
Цинги бук1ана рэкеталдаса х1инкъуца холаго т1ад руссин…
...Нахъисел къояз Ильгамгун гьесул эбел-инсухъе рилъана. Гьезул данде ч1ваялъ цодагьаб рак1 тамахлъана Мадинал. Боржуларого вук1ана вакьад нусалъ жиндиего бач1араб рат1лихъ валагьун. Саламатаб, ц1акъ рекъараб кверлъиналдаса йохана якьадги, г1еч1елъуб васасда рет1ун бугеб бихьахъего багьаяб рат1лицаги намус гьаюна херай -цогидалъ к1вараб «санаг1ат» жиндиего гьабилаан - баркала буго Мадинае. Рокъоб бугебщинаб столалда г1уц1аниги х1ал хьелареб х1исаб бук1ана гьелда. Мадина яч1ун йигин раг1ун багьана батун кват1илелдего т1аде щвана к1иялго дандиялги, амма росазе гурдал ва лъималазе рет1ел тун бат1ияб жо гьеч1еблъи, гьеб гуребги босараб къайи бихьизег1ан теч1ого бичун бук1и якъинлъигун танхъич1ого ана гьел-гьанже цодагьабги щулалъила гьезул гьоркъоблъи-тушман йигелъул щун! Къаси х1алт1удаса щвара-щварал Ильгамил вацалги рач1ун кват1изег1ан хабар-к1алалда хут1ана киналго. Радал къижахъего росги тун шагьаралда г1едег1ана гьей. Т1оцебе батараб киоскалдаса газетаги босун рекламаялъухъ хал гьабуна: санаг1атаб минаби рича-хисулеб агенствоялъул адрес балагьана. Агенствоялда бащадаб гектар шагьаралда жанибго ракъан Мадина к1алъайгун, рес гьеч1ин инкар гьабуна, амма мухь доллараз кьелин абигун х1аракат бахъилин балагьизеян мук1урлъана. Гьезухъаго адресги босун минаби ралеб тресталде г1едег1ана ва макетазул залада анишин карабги т1аса бищун заказ гьабуна жиндиеги х1адуреян, цодагьал хиса-басиял гьаризе чаналиго къоялдаса якилилан тана лъик1аб заказалдаса рохарал гьелги. Доллараз кибего нах т1ураб нух бахъулеб бугоан ц1акъ бигьаго. Минаялда т1ад унеб ва ракьалъухъ киг1ан къезе колебали лъач1ого г1арац хвезабиларин Мадина гьудулалъухъе къарз т1убазе иилъана. Салиматие цо берцинаб «ангорка» ва багьаял духаби лъуна гьелъ т1угьдулгун пакеталда. Баркала кьезеги лъазе колелъул. Бакъанилъазег1ан хабар лъуг1уларого гьоболъухъги хут1ун, свакан т1аде юссана Мадина. Гьанже цодагьал къояз ракь бичун босизег1ан гьелъ шагьаралда т1убазе жо бук1инч1о. Росулъе русинег1ан ц1улал устарасе заказ гьабуна рукъалъе ц1иял нуц1а-гордал гьаризе. Махулавги валагьизе кела-каву ц1и гьабизе - гьанже замана щвана бигьагьабун рукъалда т1ад х1алт1аби гьаризе.  Шагьаралда мина гьабун бахъинег1ан цо саламатав х1алт1ухъан ватани лъик! бук1инаан, гурони ч1еч1ого хьвадезе кела. гьеб гуребги ч1ужуг1адан бигьаго махсароде квела гьез. Гьединав чи киса щолев'? Машина босич1ого г1еларо, кинаб багьадай гьезул бугеб?Цин х1алт1ухъан валагьун, хадуб гьевгун данде бан лъик машина боси.Божарав г1адан киса ватилев Мадинада Ильгам киноялда валагьуи ватана. Сундулниги ургьел гьеч1олъи бихьуларищ!












-Радалго киет1аг1ун йик1арай - ан данде вахъана гьев ч1ужуялда баизеян.
- А.Г1арац кьун т1аса бихьизабуна - замана ц1ан щибизе, нагагь къвариг1ани жеги аск1ое ине колелъул Фаридада. Кванан ватиларо...эбел х1алт1уда ятила къаси.
-У. Эмен г1агарав чи хун вугин хабаралъ жиндирго росулъе арав г1адан вач1инч1о. Мадина.ч1алг1ун вугев куцудухъ, -ан каранде къана гьес цее эхетахъего йигей хъизан.
-Ильгам, рег1иго щиб дур. Эмен нагагь вач1ани кваназе жо х1адуризе кола. Малик кив вугев?
-Сапарил дова кумекалда - къаси вач1унаро, щивго вач1инин коларо. Раг1улищ, хирияй, -ан диваналда щапизаюна Ильгамица гьей. Цо игьин х1ухь бахъич1о Мадинаца- росас бокьараб гьабиларищ.
Лъабго къойидаса щвана хабар ц1ехезе агенствоялде гьей.Ц1акъ лъик1аб бак1алда босизе бак1 ги щун я телефон лъаларого, я адрес лъаларого ратана гьел. Микьнусго доллар! Амма унгоги санаг1атаб г1ат1идаб бак1 батана балагьизе щварайго Мадинада. Кинабниги азарго доллар ана документалгун цадахъ агенствоялъ босун. Мадина рази йик1ана. Гьебго къоялъ гьабун батараб минаялъул макеталда бокъарал хиса-басиялги гьарун договор гьабуна босараб ракьалда жидерго къайигун мина эхетизе ва бажарулеб х1алт1и нахъе т1амич1ого гьабизе жураян лъазабуна .Т1убараб анкьалъ къаси къижизе гурони рокъое яч1ине щвеч1ого ана Мадинал. Зигарди ц1ик1унеб бук1ана росасулги. Къойица базаралда зхетич1они бегьуларищан? Кин бугониги къуч1ал лъезе х1алт1ухъаби журайгун цодагьалъ х1ухь бахъана гьелъ, лъабго метралъ жаниб бухъулеб бук1ана гьез ракъ –гараж ва хут1араб къариг1а-тараб бак1ал разе подвалалдаго. Цо х1алт1хъанасул г1агарав вас ватана Москваялда строителияб институтги лъуг1ун х1алт1и балагьулев- вач1инахъего рек1ее г1уна Мадинае г1олилав -мекъиги кеч1о- т1ад къараб гьабун бажарулеблъи гьес къокъабго заманалда бихьизабуна.Т1оцебе моц1алъ анц1азарго гьурущ харж гьабуна Мадинаца Камилие. Минаялъухъ ва х1алт1иялъухъ кинабниги к1иго миллионгун микънусазарго гьурущ унеб бук1ана.
Мадинахъа бажарана Ильгам кант1изавун росулъ минаялда х1алт1и гьабизабизе, басрияб къеда х1ат1 нахъе гьабизе колаан гьениб. Ихдадъизег1ан г1адада вук1инч1ого дагь-дагь кун къедал хут1ун хут1араб нахъе бац1ад гьабизе. Цинги г1ат1илъилаан азбар, ч1валаан рукъалда нур...цо горда гьоркъ розаби т1егьалеб заманаги бук1инеб батила. Гьабизе бугебщинаб х1алт1и! Гьанже жубана унго-унгояб г1умро!
Росулъ руссинег1ан «лама» бичун ана, гьелъухъ щвараб къоазарго доллар лъабго моц1ил халалъиялъ Мадинаца банкалда лъуна проценталгун. Камильгун цадахъ ун ц1ияб ГАЗ -69 машина босана. сундулъго инкар гьеч1еб ва санаг1атаб. Минаялъухъ колеб г1арацалъул бащадаб «Строителалъул» счеталде рехана. Къойидаса къойиде багьалъулеб бук1ана къайи, учузлъулеб бук1ана гьурущ. Бат1аго йик1ана Мадина жиндирго машинагун ва жиндирго х1алт1ухъангун ишал т1уралей. Унго г1умроялъул бугеб лазат.Киг1ан Камилица щий кисаян ц1еханиги Мадинаца хабар къокъ гьабулаан ва елъун толаан. Амма къочинеян хиял гьабурабго щвезабураб хъат жеги бух1улеб бугин кола гьесда. Мадинаги гьевги цого къералъул г1адамал колаан. Росулъе русинег1ан Ильгам къойица телевизоралда цевеса къурулароан- ч1алг1ун ахинив эбелалъе кумекалъе ани гурони. Гьеб бихьигун малъ къот1арай якьадалъ к1икъоялда анц1азарго гъурущ бач1ана босун. Мадинада лъалаан гьеб къарзалъ босараб бук1ин. Тамахго инкар гьабуна- къвариг1ани босизе т1ок1ай жиндир ине бак1 гьеч1еблъиги бич1изабун. Кивг1аги вах1азе бак1г1аги щолебаниян г1одун йичан тана гьей нусалда цее. Жанисан бахъун бач1инеб бук1араб цин г1адоб бусинабуна Мадинца -ячеян абич1****и рак1алдаго щвелароан дун дуда- гьанже гурх1и х1алейищ. Къойил вакьадасулги къот1ич1о кант - цощинал ниж анир ч1елин абун х1инкъун ратич1они! Вай дидаги кват1ун гурони эхеб нух батуларо. К1иго анкь киг1ан к1одого бихьараб? г1арацги къун нухда лъолей!К1алалъ хабарги гьуин гьабун - гьанже Мадинае бигьа к1олаан гьуин йик1ине - буголъи ц1акъаб жо! Мадина Камилида х1алт1иги къан .машина ц1ун квен-т1ехги босун росгун росулъе русине х1адурана.
-Эбел-эменгун рекъезе рак1алда гьеч1ищ, Мадина?-рак1алдаго гьеч1елъуса вахъана вакьад. Лъаларо, дица гьезие гьабураб гьеч1о, г1емераб бицун щибизе. Нижецаго санаг1ат гьабун бет1ербахъи гьабила... Ильгамги г1адада хут1иларо.
-Налъи гьеч1ого т1ураралищ нуж? Дараналъул щиб караб?
-Квеш кеч1о. Щунусазарго гъурущ диегоги хут1ана налъи т1убан хадуса.
-Лъик! дир яс. Гьабулеб данде билъаги дуданиги.-лъалаго бигьалъи бач1ана г1инт1амун йик1арай якьадалда, ургьел бук1ана. Ниж рук1ана минаялда т1ад х1алт1и гьабилин. Хут1аралъухъ жаниб г1уц1изе къайиги босизе келаха, -ян бащадалъул бащадаб бицана гьезда Мадинаца. Долларазул хабар гьезие ва Ильгамие шибизе. Г1арацги рак1алда бач1араб абуна - лъица дир чванта рагьилебан.
-Ц1одораб х1алт1и, дудаго лъаледухъ гьабе, дир яс, -ан как базе жувана гьев. Т1обан рак1 г1одобе бусарай якьадги цодагьалъ гьанир рук1аян, къойица базаралда эхетун свакан ятилин к1алъана. Мадина яхъун жалго рук1унеб рокъос ана, цодагьай кьижилин хьулалда, амма Ильгам магнитафонги бичан кепалда вугоан. Г1адада хьул бук1и бич1ана росасда бер к]ут1игун.
-Ч1алг1ич1ищ?
-Мун свакан йихьула, яч1а егизе.К1иязего бак1 г1ела, -ян рокьукъаб ч1ужуялъул балай магнитафоналда ч1ейгун гьеб къана гьес ва аск1ой егизе бак1 гьабуна диваналда.
Кидалъизег1ан гьав гьадин вук1ине вугеван т1оцебе рак1 къана росасде гьелъул. Вуц1ух1ун валагьун вугев Ильгамица пикраби ц1алулел ругеб х1исаб бук 1 ана ч 1 ужуялъул:
-Бокьани метер дун инищ базаралда эхетизе. Дуда ч1алг1ун бугин кола,
-К1варич1о. Метер росулъе русине кола нилъ.
-Росулъе!?Гьениб щиб гьабизе.
-Дур инсул хабар лъуг1изс. Диени баг1алъи гьеч1о. Рокъор ругеб г1адаб жо бук1инарин кола.
-Гьанжегийищ рук1арал, -хисун ана Ильгамил гьумер.
-Бот1ролъ босуге, -ян к1вах1алго абуна Мадинаца. -Дун къаси гьудулалъул гъое иней йиго. Метер лъабгоялда къват1ир рахъина. Фаридал росас щвезарила нилъ росулъе. Дуца щиб абилеб?
-Къойицаги бер ч1вазе щвеч1еб мехалъ, къасиниги рокъой йик1ине бегьуларищ? Нилъ данделъун анц1 го сонги бан гьеч 1 елъул.
-Йохуца холаго рокъой ч1елаан, рогьинег1ан гьений пирогал режулей йик1инег1ан, яч1инилан абун бук1ана кумекалъе, рекъон гьеч1о инч1ого ч1езе, цодагьалъ ях1 бахъе, цинги рат1алъиларо нилъ.
-Мадинка, хирияй, росулъг1аги г1орц1инег1ан аск1ор рук1ине щвелеб батилин буго хьул. Гьей г1енекун ч1ана: гьанже якъин гьединал къваби г1емерал рук1унареблъи. Квал-квал келаредухъ эхеде босулеб къвариг1арабги бак1арун, сумка; х!адурана.Кват1изег1ан ч1еч1ого рокъоса къват1ие яхъана вацасухъе инеян. Камиль валагьун ч1ун ватила. Замана щвана вацгун «т1ун» ч1ейялъе ахир лъезе.Гьит1инав чи -г1умроялда рук1унелшинал тере-к1еч1елал гьесда т1ахьаздасан гурони жеги лъаларо. Мадина ч1алг1ун йик1ана гьесухъ. Щиб каниги хирияв вук1ана гьелъие. Рак1алда бач1анщинаб квен -т1ехалъул ц1езарун рук1ана гьелъ Халидие росизеян ящикал.Стамбулалдаса босараб сайигъатги бук1ана к1очеч1ого цадахъ босун. Студент. Рокъоса гьесда рег1ун ятуларин эбел. Камиль абухъе валагьун ч1ун ватана. Талих1алъ рокъов вугоан Халид. Саламатго цоцахъ ралагьун хут1ана к1иялго. Цинги намусго къочана. Жеги г1умро лъаларев гьев, эбелалъ бицаралда божилалда г1айиб щибан рак1 бекана Мадинал. Гали бана,
-Халид, киг1ан лъик! мун рокъов ватарав.Кин вугев мун?
-Баркала. Дуда адрес лъараб кин,  жаний йилъа нуц!ихъаго ругин нилъ.
-Хинго бихьула дур гьаниб, -ан рукъалъухъ бер щвезабуна гьелъ.-Ц1али кин бугеб?
-Цалини, сссия т1аде щвезег1ан х1ал коларо, -ян яцалдаса бер босуларого велъана данде вит1ун г1одов ч1олаго Халид.
-Цадахъ г1адан гьеч1ого мунгойиш вугев?
-Саид кват1ун вач1ина - кваназе жо т1аг1арабго г1агарлъиялда т1ад тирулеб г1адат буго пуланасул.
-Вай, г1арацги батиларо.
-Лъуг1ана, хозяйка яч1ун йик1ана церекъад рукъалъухъ налъи бец1еян - бук1араб ва жеги гьудуласул бажухъа босун т1уязаюна гьей. Стипендияги бач1унго бахъунаро. Мун Турциялда ун йик1анин бицана, кин араб нух?
-Халид, вилъа дунгун. Машиналъуса сумка босизе.
-Эмен вач1унищ -ан к1ут1ун т1аде вахъана яцалдаго хадув гьев.
Мадина юц1 ух 1ун къват! ие йилъана. Лъай-хъвай гьабуна вас-васдулей йик1аниги г1олохъабазул Мадинаца. Кидаг1аги цоцада лъач1ого т1уралищ, гьереси рач1 къокъаб жо бугин рук1унелъул. Ильгамида цодагьалъ бицинаро. Хадуй балагьун йихьила. Камилие рек1ее г1уна Мадинаца бит1ахъе рукъ балеб х1алт1ухъан вугин живан Халидида цебе аби? гьесие «вахчарав» г1адан лъун вук1ине бокьун бук1инч1о, г1еч1елъуб жакъа росасда цевеги эхетизе кола? гьудулалъул бет1ергьанчиян. Лъик1аб харж, гьеб гуребги х1алт1и бигьаго щолеб жог1аги бук1арабани.
-Мадина, гьеб щибулеб къайи?
-Дуе босараб. Г1иси-бикъинаб жо буго.
-Саид, занятияздаго ине гьавизе к1веларо гьанже, -ян нечон гьимана иргдал яцалъухъ ва Камилихъ валагьулаго Халид. Ильгамил хабар бук1инарищ, Турциялдаса «миллионер» яхъарай къаг1ида дур.
К1иязго росун ящикал богорокъоре щвезаруна васаз. Саг1ат лъабгоялда вач1аян якьадалъул адресги кьун Камиль вичана Мадинаца.
- Цодагьалъ угъел гьеч1ого,кваназе кела нужее. Холодильник батани ц1акъ лъик! бук1инаан гьан лъезе
-Хозяйкаялъул инкар бук1инарин кола. Баркала, Мадина.
-Ма ,чед босизе а, -ян нусго гъурущ лъуна столалда т1ад.-Дун щиб бук1аниги кваназе жо х1адурлъизе жуялин. Вацас т1ад рет1унел басриялго риччарал хьитал ва хащаб куртка бихьигун рак1 бук1к1ана лъалаго яцалъул. Цожо келин , жийги цадахъ йилъинин ч1ана.
-Дунго инарищ, хехго вуссина, -ян бич1ич1о Халидида.
-Цоги босизе жо буго.Лъик 1иш- aн гьимун тана Мадинаца. -Цин базаралда рилъа.
Гьесул рукъалдаса к1иго остановкаялдаса нух гурони гьеч1оан базаралде. Аб-доб бицунаго рет1ел бугеб бак1алде вачана Мадинаца гьев.
-Гьаниса щиб босилеб?-ан сверухъ валагьана бич1уларого Халид ва курткаби ран ругел вешалкабазда валагьун хут1ана.
-Лъик1аб бугищ гьединаб?
-Мода, -ян гьимана вац. -Гьединаб рет1ине рес ц1алун вахъинч1ого щвеларо. Рокъоса ясанаг1аги босеян г1арац бач1инин вук1ана- рес щвеч1еб къаг1идаха.
-Бегьулищан т1ад peтle.
-Г1адада хьул-хьулдизавуге.Х1ат1алги ц1оролел ругин -рилъа.
-Т1ад peтle, Халид. Дица босила гьебдуе. Дихъ г1унги ц1ик1араб г1арац буго. Цодагьабниги рак1 бохизабе дир- ц1акъ ч1алг1ун йик1 ана дун духъ ахирал моц1аз, -ан вичарухъанасухъаги босун вацасухъе бегьана гьелъ.-Peтle.
Т1ад лъут1ун гьабураб киниги рекъон бугоан гьесда куртка.Мадинаца т1аса бахъине бичач1ого къоазарго гъурущ бахъун г1арац къуна вичарухъанасухъе.
-Вилъа цо хьитал росизе. Гьел жакъа-метер г1одоре рехизе щун рихьулин.
Намуслъун т1ок1аб яцалъул бадив валагьизе бажарулеб х1ал бук1инч1о Халидил. Мадинаца хинал фирменныял сапожкабиги росана унеб г1арцухъ балагьич1ого. Хадуб модаялда бугеб шарф, пачкаго хинал щватабазул ва берциниб джемпер босана гьесие.
-Мадина, гьабгощинаб г1арац хвезабунилан вук1ина Ильгам, нужееги къвариг1инарищ?,-ан рак1 унтун к1алъана Халид.
-Къвариг1аралъе гьеч1ей яцги, гьединго вацги щибизе цоцае –щиб лъалеб цо къо бух1араб мехалъ мугъ ч1вазе ватизе бегьулагури мун дида.Ватич1ониги дие ц1акъ бокъун бук1ана мун рази гьавизе.Гьаб дунялалда гьедиг1ан г1емераб рохиго гьеч 1 ин тола дица.
Кванил базаралдаса пихъ ва режарал г1анк1уял росун тана Мадинаца.Рокъов швейгун цоги нухалъ рет1ана мат1уялда цеве тир-тирдулаго Халидица босараб. Гьев вук1арав талих1? Сваказег1ан мат1уялда цевеги эхетун, бахъун вешалкаялда мух1кан гьабуна гьес зодоса г1одоб бортараб сайигьат. Метер курсалда киналго г1ажаиблъила - циндаго гьадин рет1а-къан вач1 ани. Курткаялъул багьалъи, лъабгоясул цин батиларо гьединаб курсалда. Анищ т1убана. Кваналаго г1ечгун столалда квен т1ибит1улей йигей яцалъухъги валагьун щват биччан вегана Халид диваналда! Божизе зах1мат буго жеги макьилъ гьеч 1ин, махсаро батиларин.
-Рокъоса г1apaц бач1ани дихъе кьо Стамбулалдаса бокьараб босине. Лъик1иш, -ан талих1го ялагьана столалда нахъа г1одое ч!олаго Мадина гьесухъ. -Вахъа кваназе.
-Вай, гьабго щинабги щвараб  т1ок1абги щиб къвариг1инеб'! Бащадаб лъег1елалъ кваназе г1урабги бугеб мехалъ, Мадина, баркала дуе киналъухъго. К1удияв г1уравго дицаги гьабила дуе кумек. Гьаб къо дида киданиги к1очон телин коларо.
-Кванай, ц1орозег1ан.
-Щаклъулев вуго гьаб ниг1матал уял рук1иналда, -ян гьимулаго г1анк1одул кваркьа т1уна ва яцалъул гьадароялъуб лъуна Халидица.
-Баркала. Халид ,хозяйкаялъе лъаг1ел т1убазе киг1ан кьезе бугеб?
-Азаргоялдаса ц1ик1ун.Гьанже ургъел гьеч1о –стипендиялдаса т1убала бигьаго. Мадинаца бахъун щуазарго гъурущ лъуна столалда:
-Гьале, парахат вук1ине налъи т1убай, хут1араб къвариг1аралъе квале, бокьани спортивнияб рет1ел босе сахаб.
-К1варич1о, гьебго щинаб кьоге. Цо нусго гъурущ бугониги г1ела нухалъухъ кьезе.
-Кьураб босе. Рес гьеч1****и кьелароан. Гьари буго гьаб боса -тараб ва харж лъиданиги бицунге. Ильгамида, Карижатида  г1адамал рак1 ч1ег1ерлъун руго, гьеб гуребги г1едег1уге дихъ г1арац щун бугин г1адамазда лъазабизе. Цодагьалъ г1одоре руссун рук1ун лъик1 -заманалдаса балагьун рихьилин.
-Дуца абухъе гьабила, Мадина дуца Ильгам махсароде колев щибизе?Гьесдаса бахчулеб жо бич1уларо дида.
-Г1едег1уге т1анк1 лъезе. Дие замана къвариг1ун буго. Варани гвалиниб т1амулареблъи лъала дида. Дие Турциялда цо гьораго ч1арал маг1араулаз кумек гьабуна. Нилъер къаг1идаялда гьеб ц1акъ к1удияб г1арац кола. Мун жеги гьит1ин вуго, вук1аниги вацасда киниги ургъел бикьулеб буго. Заманалдаса киназдаго бицина санаг1атаб къаг1идаялда.
-Гьеб нахъе буссинабизе коларищ?
-Х1алица босизабуна, - дида божуларев ватани аллагьасдаг1аги щаклъуге. Гьереси гьеч1о. Гьел банкиразул хъизан кола чаналаго кьибилалда.
-Киса данадег!аги  ч1варал?
-Къайи боеизе унаго нухда хьиталъул эгъеги бекун гьезул машиналда т1ад щапун ана таларай г1адан: кутакалда г1адам хириял чи руго гьел.Кида щваниги жидехъе яч1инч1ого ч1огеян рук 1ана гьарулел нухда peг1улаго.
-Лъаларо щиб абилебали. Мунго ц1уне цощинай къвариг1ел гьеч1еб жоялда гьоркъой къазе гурин мун гьез г1адамазда г1арцуда аск1ор божизе бег1улеб х1ал бук1унарин. Дур икъбал батизеги бегьула гьел г1адамал. Дидаса къват1иб жо льазе теларо.
Мадина рази йик1ана вацасда ургъел бикьаралдаса. Бак1аб гьир чучлъана гьс гьелъие лъалаго. Амма вацасда ургъел ч1ванин кола. Гьит1инав гьесда бицине г1едег1ана-т1ок1ав рак1 рагьун раг1и бицине г1аданг1аги вук1аравани. Жеги аб-доб бицун Мадина Халидилгун къомех  лъик! гьабун т1ад юссана. Гьесда цодагьалъ росулъе инел ругин абуна.
Камиль нек1ого валагьун ч1ун ватана харбида хехго ун бугоаан замана.
-Гьанже кире? -ян цаби ракизаруна Камилица.
Мадинаца адрес бицана.
-Гьайбатав г1олилав вуго Халид, унго вацищ?
-Камиль воспитание дуе щунго гьеч1ин кола. Дица абуна дуда вацин-лъуна т1анк1. Щай дуе мац1 сабаблъун къварилъаби. Цоги санаг1ат гьеч1еб раг1и духъа борч1ани- г1арза хъваего лъик1  дуе - божа дир махсаро гуро. Бич1 анищ?
-Бич1ана. Г1айиб гьабуге, гьарула.
-Метер, росулъс ниж щвезавизе вилъине кела. Радал анлъгоялда гьаб адресалда хадув вачla
-Бигьаяб иш, - ан Мадинал бадив валагьулаго гьимана гьев. К1ал ц1оройги жиндиран жинцаго жиндиего наг1ана кьолаго. -Кинаб квал-квал бук1инеб. Балеб бак1алда кинабго мухъда буго. Къвариг1араб г1унги ц1ик1унги ч1езабун буго строителазе. Ц1орой кеч1они моц1алда жаниб зхетилан гьез мина.
-ЛъикI, Камиль дуда божун толеб буго. Цоги, жанир х1алт1и гьабулел мастерал киса щолелали т1алаб гьабе, лъик1ал ралагье унеб харжалъухъ балагьич1ого.
-Бич1ана. Устаразабаз къайи гьабун бахъун хадуса гьеб киб лъелеб?
-Росулъе босизе кола. Гьелда хадуй кват1ич1ого дунго яч1ина.
-Машина росулъейищ тезе бугеб?
-Гьадинаб иш буго: гьеб духъ бук1ина. Мун дир гьудулалъул рос -машинаги дур. Бич1анищ?
-А-а, -ян к1арун велъана Камиль.
-Мун цодагьав бот1ролъан бак1ав вугин щаклъизе бач1унеб буго дида.
-Т1асалъугьа, гьарула, дур росасда лъаларебищха щибго?
-Къвариг1ел гьеч1еб ургъел гьанжеги г1аде босулеб буго дуца, Камиль. Дие унгоги цо саламатав г1адан валагьизе замана шун бугин кола.
-Г1едег1уге, дир иш гьеч1о. Т1ок1аб дица к1ал рагьиларо. Раг1и кьола.
-Учузабго жо батич1они хадур гьеб paг1и. Мац1 цабзазда нахъа ч1езабун бажаруларев г1адан бихьинчиян кин рак1 ч1езе к1олеб?! Кавуда бугеб номералъухъги валагьун машина танхъинабуна Камилица. Гьесул рак1 бух1ун бук1ана къвариг1ел гьеч1еб релъиялда. Ч1орто киниги велъулев, х1алт1удаса ват1а гьавурвго замана г1ела дне велъулев вук1ине. Бигьаго ц1ияб х1алт1и щолеб киниги, ах1макъ.  Харжалухъ баркалаги кьун, т1охое к1алги тун вук1ине г1акъло г1оларев дун Мадинае унгоги щибизе - дир бак1алда чангиял щвела бер къапилплде.
-Ц1ехолев чи канани гьаледур мина, адрес.Мун вуго Москваялдаса тукабазде къайи босулев экспедитор. Фарида - дур хъизан, лъимал гьеч1о.
-Фарида дуе щий колей?
-Гьалмагъ, цадахъ ц1алулел рук1 ана институталда.
Мадина нухда Камильги лъун гьудулалъухъе жание йилъана. Ильгамида гьелъ пирогал режизе иней йигин абун бук1 ана. Фаридал рос унгоги Москваялда вук1ана, ва къаси рак1 гъеялъе ва хабар-к1алалъе данделъун рук1ана к1иялго.Фаридае талих1 кьуна аллагьас.Ясик! о киниги хьихьун йик1ана гьей росас. Арсен унгоги къайи балагьулев г1адан вук1ана. Гьит1инабго бугониги гьезул рокъоб камураб къайи-къоно бук1инч1о.Цо санаг1ат гьеч1олъи бук1ана кидаго къур-къурдулей якьад, гьелъие г1ан къваридаб дунивал бук1унебго батиларо. Талих1алъ жиндирго яцалъухъе анилан рокъой гьеч1оан гьей. Жидее бокьахъе кванида хадур рогьинег1ан харбида хут1ана к1иялго ахирал саназул ва ц1алулеб замана рак1алда щвезарулаго. К1иго саг1аталъ бер къанщарай Мадина ц1акъ санаг1ат гьеч1ог йик1ана радал хадув щварав Камилида цее.
-Вилъаха, -ян абун сидениялда яхана Мадина. Вуц1ух1ун рулалда хадув ч1ана Камильги.
-Макьихун йигей куц,
-Нолъ дунги рогьинег1ан гьудулзабигун хут1ана, - рет1ел хисизе рокъов цин ун вахъинч1о.
-Г1емер замана бук1 ана Фарида иихьич1ого...
-Бич1ула. Заманаялъ сих1-къот1и бук1ана машинаялда.
-Мадина, мун кьижун йигищ?
-Агь, щваралищ?                --
-Мадина,  дуца дие ч1ужу ялагьунейанищ.
-Т1ок1аб санаг1атаб замана кинха батилеб? - ан махсаро тун берал къанщана Мадинаца.-Стройкаялде вилъа.
Гьениб ракьулъ этаж бан лъуг1ун бугоан.Цо к1иго анкьалъ ц1орой кеч1они, ургъел гьеч1ого х1алт1и лъугьилаан гьезухъа. Гьениса якъадалъул доре рилъана Саг1ат ич1го т1убан бугоан. Ильгамица абунг1аги батила пуланалъ росулъе босизе компот-варениялде г1унт1ун камураб жо гьеч1оан х1адурун. Квеш бук1ине гурилан кьураб баркала гьабун машиналъубе босана Мадинацаги. Кияазулъго къомех лъик1ги гьабун гьел нухда рахъана .Камильги заманаялда т1ад вуссине вук1ине.

*           *             *

Росулъ щун къоял ралелдего Мадинаца Турциялде иналъул хабар къват1ибе бахъана. Дагь-дагьбарщарулев Ильгамихъ ялагьич1ого къвариг1араб х1адурлъи байбихьана. Абдула-пашае багьаяб дагьистаниял устарзабазул г1арац-меседалъ гьабураб ханжар босана. Турказул Мах1ачхъалаялда рагьараб колледжалдеги ун Расул Х1амзатовасул к1уч1дузул том перевод гьабизе кьуна. Жеги куч1дузул компакт дискал, рес батун ралагьун Мах1ачхъалаялъул,цогидаб Дагьистаналъул муг1рул, г1орал, ралъад -г1аданги кун видеоялда бахъун цадахъ росизе кассетаби гьаруна. Росулъ мадугьалада цо щуго бакъвараб бакьги бичинабуна. Мучариялъул къвач1аги лъуна санигьатазда гьоркъоб. Камильгун цадахъ Лак Бунил студиялдаги ун художникас рецарал фирмаялъул релъенал росана Фархадиеги. Жеги Ильгамида ч1ван къот1ун иней ник1ин лъалароан. Къвариг1рал документалги х1адурун ,къоабилеб ноябралда самолеталда билетги босун росулъ юссана Мадина. Ильгам мук1урго кабинет бук1ине бугеб рукъ х1ат1удаса бац1ад гьабулев вугоан. Рокъое щвейгун т1оцее х1инкъана гьей росас йичаларин абун.
-Мадинка, -ян х1урул ц1урав кьаг1идалдаго къочана гьев ч1ужуялда.
-Хирияв, -ан къвал бана мугь бекарай Мадинацаги. Халидица абухъего махсароде колев вуго дица лъимер киниги дир бадив валагьун вугев г1адан.
-Мун яч1ининго хьул бук1инч1о дилъ. Т1ок1ав тоге дун гьадиг1ан янгьиз рехун тун. Жакъа берцинлъи дур. Къойидаса-къойиде т1егьалей йигин кола дида мун. Гьале ц1езаюна х1орол, -ан галуда рик1альана г1айибав киниги Ильгам.
Гьесул х1еренлъиялъ асир гьаюраи г1аданалъ жиндаго лъач1ого абун бахъун кана:
-Вилъа, г1ела гьабураб. Дунги йиго свакан мун гьеч1ого.
Мадина унгоги берцин йик1ана гьеб къоялъ. Ильгам щибго к1очон тун валагьун вук1ана ч1ужуялъухъ. Якъин гьаб талих! къокъаб бук1ин, Ильгам, киг1ан дица диего маслиг1ат гьабуниги къокълъулеб батилин кола цадахъ г1умроялъул нух. Унгоги къисматалъ х1азехъинаб бугеб жо. Г1айиб гурищ дур г1умродулъ чуйгун жубараб гьаб цояб, инкар гьабизе к1олареб сухъмахъ. Г1айибай ятила -кват1ун буго -т1аде бач1унеб ц1иялдаса дида инкар гьабизе к1оларо. Гурх1ел –гьеб дуе х1ажатаб бугин коларо. Ине к1иго къо хут1араб мехалъ бицана Мадинаца гьесда Стамбулалда иней йигилан ва х1адурараб билетги бихьизабуна. Бицен гьабигун къерхун ана гьесул гьумер.
-Мадина?!
-Ильгам, гьарула йичаян. Дие мискинго йик1ине бокьун гьеч1о. Бич1изе бичай. Дун г1адазул бугеб щай дир камизе колеб? Гьанжесал к1иго анкь гурони базе гьеч1о. Ц1ияб соналда цебе квализе цодагьаб г1арацги бук1ина рокъоб.
-Мадина, дуца гьабулеб бугеб жо. Гьадинаб г1умро щибизе дие, г1орц1инег1ан хъизангун вук1ине щоларев. Дир раг1и щибниги батани дуе -унге, Мадина
-Хирияв, билет босун буго. Дун яч1инег1ан рак1 гъеялъе эбелалъул гьова вук1а. Арал лъач1ого уна къоял...
-Мадина, щибизе! Гьале нилъер рукъ, дуе г1олареб гьаб диеги къвариг1ун гьеч1о, -ян гьелъул каранда къана Ильгамица жиндирго бет1ер.
-Лъимер киниги вук1унге, -ян расуда квер бахъана Мадинаца росасул. -Дуе жеги т1убараб к1иго къо буго.
Амма Ильгам унгоги барщун вугин кола.
Бокьарасе бокьарабщинаб гьабун дир иш т1убаларо.Цо нухалъ рокъоб бук1араб бихьараб г1езе кола цодагьаб г1аги бет1ер х1алт1улеб бугони- хадуб вай аллагь бачун т1убаларо. Хут1арал къоязги Ильгам гьуин гьавизе к1веч1о Мадинада. Лъабабилеб къоялъ берцинго цоцал къомех лъик! гьабич1ого нухда яхъана Мадина. Камиль заманалда вач1ун вугоан. Нухда ишазул х1акъалъулъ ц1ехон, малъа-хъвай гьабун тана жийго т1аде юссинег1ан Камилида. Рак! гьечого мина балеб бак1алде щвезе ана: машааллагь, макеталдаса кьури гьеч1еб гьайбатаб бак1 балеб бугоан гьеэ. Камилидаса рази хут1ана гьей.
-Лъабабилеб этаж т1аде ч1ван хадуб жанисал х1алт1аби гьаризе г1адамал ратана, -ян бицана гьес.
-Ц1акъ льик1. Киг1ан абулеб бугеб?
-Залалъухъ бащадаб миллион, -ан гъоркъанго бер щвезабуна Камилица, багьаго бихьилин гьелдаян рак1алде кун.
-Гьезул цог1аги х1алт1и бихьизеанищ?
-Самолет чамалда бугеб?
-Къаси анлъгоялда.
-Иилъа бихьизе.Дирги рак1 ч1у|н бук1ина.
-Рилъа Кооперативалда Камилица бихьизабуна т1аса бищараб жанисал къач1аязул макет. Машааллагь, берцинлъи. Зал бук1ахъе тана Мадинаца, амма холлалъе цоги бат1ияб къач1ай т1аса бищана, больода, коллоназда, мокърукь-цоги къаг1ида. Цинги хиса-басиялги данде рак1араун ахирисеб макет заказ гьабуна. Цох1о т1оцебесеб этаж къач1ан миллион к1инусазарго гъурущ колеб бугоан. Г1арац  х1алт1и гьабун бахъарабго кьезе къот1и гьабуна.
Гьенисан перевод гьабизе кьурал т1ахьазда хадур рилъана. К1иябго гьабун лъуг1ун батиялдаса ц1акъ йохана Мадина, киг1ан Абдула-паша разилъилаян, гьанже вацасухъе аниги бегьула.
Яцалда бер ч1вайгун гвангъун араб куц Халидил гьумер - т1ок1абги щиб гьарилеб аллагьасда! Гьесул рокьи.хинлъиги г1еларищ гьаб г1умроялда ч1уч1адизе. 3аман щвезег1ан кванида хадур лъабалго хабар-к1алалда х1ут1ана. Цинги цадахъ аэропорталде рилъана Мадина нухда лъезе.
Стамбулалда щвезег1ан ургьел бук1ана Мадинае г1арац нахъе буссинабизе цадахъ босич1олъи гьагаб иш канилан. Хъант1лъи т1аделъараб къаг1ида дида -щоларелъуса шагьи кодоб щвейгун. Киг1ан рак1-рак1алъ кьуниги г1арацгун махсароби лъик1ал рук1унаро. Аэропорталда группа гостиницаялде унеб икарусалда рек1ана. Кват1ун бугелъул-макъихиялъ цоцада к1алъалел г1адам чи къанаг1ат вук1ана. Вач1инахъего группаялъул руководитель-Салих! Хабибович Мадинада «вах1ардизе» лъугьана. Автобусалъувги жиндирго гидасул креслоги тун, гьелда аск1ов санаг1ат балагьун г1одов ч1ана:
-Берцинаб бак1 гьеч1ищха къасисеб Стамбул? Г1айиб гурищ нилъер г1адамал къайи бак1арарулилан бат1ияб жоялде рег1уларел. Мадинаца бет1ер гьанк1ун тана. Хабар къвариг1ун бук1ана гьанже кинабго рекъезе. Амма киг1ан бокьун гьеч1еблъи загьир гьабуниги Салих1ие гьелъул ургъелго гьеч1ин колаан:
-Мун т1оцее къват1ие яхъарай г1адан ятила.
-Салих! Хабибович, г1айиб гьабуге. Бет1ер унтулеб буго, бегьулеб батани те хабар.
-О! Кин дида бич1ич1еб, гьабсаг1ат дару кьела, ругьун гурев чиясе хиса-басиял зах1малъула рачизе, -ян аптечкаялъуса босун анальгин бач1ана гьес бер къапилалалде.
Т1аса вихьизеян Мадинаца цо дарман къулч1ана ва жиндирго пикрабазда яна бералги къанщун - саламатго нух бугеб къаг1ида гостиницаялде щвезе.Щаялиго вуц1ух1ун хут1ана Салих1ги. Отелалда холл къот1ун унаго цо туркас рак1алдаго гьеч1еб бак1алда рукъ кун жиндехунго ц1ана Мадина. Г1олилалъул йиххи бихьигун бич1улаян гьимулаго гьес щунусго долларал хъат ц1ун цере куна. Х1инкъарай г1аданалъухъа ахиралдаги гьаракъ гьабун бажарана:
-Кумек гьабе!
Цеве-цеве инев вук1арав Салих1ида paгlана талих 1алъ гьеб, амма аск1ов щун вач1инев бихьинчи вихьаниги сородилей йигей Мадина йичазе рак1алдаго гьеч1оан х1ил киниги рукъалда хурхун вугев туркасда:
-Мадам, мадам! -ан гаргадулаго цояб квералъ г1арац Мадинал курткаялъуб къазабизе жувана гьев.
Кинабго бич1арав Салих! Х1абибовичас тамахго ват1а гьавуна туркав Мадинадаса, жиндаго лъалеб къаг1идалъ к1алги гьикъун.
Эхетаралъуйго хут1арай Мадинада аск1овги вач1ун каркьада баана:
-Мун телохранитель гьеч1ого т1уяларейлъи дида Дагьистаналдаго бич1ун бук1ана, -ян велъулаго каранде къана гьес мах1ги нечеч1ого жеги берцинго сири г1одоб буссинабун бажаруларого йигей г1адамалда.
Салих1ица бигьагьаюн ячун аск1об бугеб креслоялда г1адой ч1езаюна гьей:
-Мадина, киг1ан х1инкъарай жо мун?! Гьаниб ругьунаб х1алт1и буго гьеб. Нилъер группаялда руго г1иц1го гьеб «бизнесалъе» г1оло къват1ир рахъаралги. Щунусго доллар!-ан нахъойги велъана гьев. -Г1ажаиблъизе бак1 гьеч1о -жакъаси мун кутакалда гьайбатго йиго. Бихьулищ нахъе-нахъе руссун ралагьулел ругел куц. Йилъине к1олеб х1ал батани рахъун лъик1, нилъерал дихъ балагьун къур-къурдилел ратила.
Мадина х1инкъун жиндарго рат1лихъ ялагьана -гьас бицунеб щиб, киб бук1араб гьайбалъи?! Гьеб балай бихьарав Салих! нахъойги гьимана:
-Ургьел коге. Кинабго лъик! буго. Берцинлъиялъухъ балагьи г1айиб батиларо. Мун дида кола къасисей ч1ужуг1адан йигилан. Къаси т1егьалел т1угьдул киниги. Гьел къанаг1ат рук1уна, амма бихьараз ц1акъ г1ашикъ бицуна гьединал т1угьдузул х1акъалъулъ. Бич1улищ дие абизе бокьараб? Жакъаси т1ок1аб жо эхебе унеб х1ал гьеч1ин кола дуда, йилъа т1аде.
-Баркала, Салих1 Х1абибович, гьарула, г1айиб гьабугеян. Дида киданиги гьадинаб жо бук1унебан колароан. Гьелъги батила тохлъарай, -ан к1овухъе т1аде яхъана Мадина.
-Мадина, кинаб хабар.
Унгоги Мадина берцин йик1ана гьеб сордоялъ. Кожаялъул рекъараб куртка, кашемиралъул хинаб т1ажу ва берцинал сапожкаби. Курткаялдаса бакараб хъах1аб шарф, гъалиде хьухьун бичан тараб рас кьер-кьер кун кенч1елеб бук1ана люстрабазул канлъукъ. Хъах1аб, т1еренал мухъазул ч1ужуг1аданалъул гьумер ва х1инкъиялъ лъаларо кидаго гьединал лъаларо, ч1ах1иял г1урччинал   берал! Салих1ида турказдаса къун лъалароан ч1ужуг1аданалъул берцинлъи бат1а бахъиэе.Чанги Мадина г1адал рихьарав г1адан вук1ана гьев.
Лъабабилеб этажалда жиде-жидер номеразда рикьун ругоан дежурниялъ рач1арал замана инабич1ого. Мадина гьев турчанкаялда к1алъан вахъинег1ан, кие инеяли лъаларого кодоб куралъубго сумкагун халатаб колидоралъуй, янгъиз хутана. Заманалдаса вач1ун к1иго бак1алъул номералде ячана гьес Мадина:
-Х1ухь бахъе. Дун нилъеразул мух1канлъи гьабун вач1ина.
Сундулго пикро гьабич1ого Мадина шват бичан креслоялда т1ийит1ана, нахъаса нуц1аги шула гьабун. Гъапулъун ана свакаялъ заман балелдего. Макьилъго киниги раг1ана гьелда нуц1ида к]ут1улебги.
-А.Гьабсаг1ат, -ан х1алалъ яхъана гьеи ва талталдилаго йилъана нуц1ихъе. -Щив?
-Дун, -ан бахъана рак1алдаго гьеч1еб бак1алда Салих1ил гьаракъ.
Мадинаца гьанжеги щиб хабаран нуц1а рагьана. Иихьигун, вач1инахъего къвалакъ ячана гьес жаниве лъугьунаго г1олилай ва кьуризе йичач1ого халаткун к1ут1бузда баана.Циндаго иорч1араи Мадинахъа бажарана х1алалъ тункун гьевгун ят1алъизе.
-Мадина, алагьасе г1оло.Т1аса лъугьа, ях! гьабун бажарич1о къочич1ого, -ян к1алъалаго канлъи рек1ана гьес, - тункун ятила. Г1алхулай йихьула мун, гьединал цодагьалги къиматал руго дие. Кваназе йилъаян абизе вач1ун вук1ана
Гьабсаг1ат гъугъай бук1унеблъи бич1ана Салих1ида, амма щибг1аги гьабизе кват1ун бук1ана.
Т1оцебе к1вараб рух1алъ гьурмалъ хъат бана Мадинаца гьесул.
-Г1одое юсса!-ян к1еркьен куна гьес. -Дида кинабго бич1ана, т1ок1аб раг1и абич1они налъулав вук1инаан.
Гьев кроваталда г1одов ч1ана сумкаги босун колидоралъуй т1ерхьун иней йигей Мадинада хадув валагьун.
Унгоги дир «мадам» гьайизе хьулал рук1ун руго, къохьол. Гьаб балагь щиб т1ад бач1 араб? Цебесал я йин к1алъалев г1адан вук1инч1о-гьанжесал хисараб жо щиб -хьитал ц1иял рук1унищ?! Лъида аск1ойда ина къасиялъ жание йичаян гьаризе - рогьине заманаго батиларин. Кьижарал чаг1и рорч1инаризе къуват киса босилеб, щибилан гьезда абилеб?
Лъавуде вач1арав киниги, хадувго швана Салих1: питна-х1ур гьесие ц1акъ къвариг1ун бук1инч1о- гьадинаб х1алт1и киса щолеб жо!
-Мадина, гьарула г1одое юссаян. Г1айиб буго дида. Раг1и кьола т1ок1аб тохлъараб жо бичаларин. Цин йилъа кваназе -хадуб дуе бат1аго рукъ балагьила. Божа, гьеч1о ручабазда аск1об бак1 -дица ургъараб жо гьеч1о,чанги кола гьедин-нилъ г1адинал мискинал гьалбал бокъахъе гьанир-доре гьарула гьаз жиде бокъахъе. Божа.
-Лъик! Салих1 Х1абибович. Божич1о иик1ине дир бак1 гьеч1о. Къвариг1ел гьеч1ел жал рекъон рук1унаро саламатал г1адамазда. Бич1улищ дие абизе бокьараб, -ан номералъуе юссана Мадина
Кваназе унго лъик!  цо рокъой жаний гьавгун йик1инег1ан.
-Рилъаха кваназе.
-Хехго рахъине колелъул -къойица шагьарги сверизе кани мах1ги бигьалъуларо пакъиразе, -ян лъалаго рак1 г1одобе бичана гьесул. Рогьине хут1араб замана батилароян цадахъго пикру бач1ана к1иязулго бот1ролъ.
-Мун гьанив чанги щун ватила. Шагьарги лъик!  лъалеб батила.
-Щуябго сон. Бит1ахъ бицани гьаб нух напарникасул бук1ана. Документал гьарулей мун йихьигун гьарана гьесда дун вичаян. Щибизе? Дидаго лъаларо, -ян ванна рокъой кверал чурулей йигей Мадинада цеве эхетана гьев бадив валагьулаго. -Цинги г1ажаибго ун лъуг1унел рук1инч1о ч1амуч1ал къваби. Ахиралда мун яч1инего яч1инарин хьул къот1ун бук1ана. Дуца абуна саламатал г1адамал киниги рук1ине рач1аян- гьанже щибилан абилеб? Щай ч1ах1алъулел гьел дур т1ину  гьеч1ел гьваридал хьуц! киниги г1урччинал берал?Дида унгоги лъаларо щиб карабали, божулищ?
Мадина х1адур йик1инч1о гьединаб хабаралде. Салих1ида лъалаан гьеб, амма т1ок1аб бахчун т1убалареблъи якъин - к1иялгоги г1исинлъимал гурелъул.
Гьанже т1убана анкьабго!
Гьасда абулеб щиб?
Рогьинего рогьунареб кин гьаб дунивал -цинги Абдула-пашада абилаан гьаниса нахъе ячеян.
-Киндай тамахго дие инкар гьабилебан ургьулей ятила мун. Гьарула г1едег1уге.
-Салих! Х1абибович, дуца г1ажаиблъизаюна дун. Унго бат1ияб сордо буго къаси. Дида абизе жо лъаларо. Рак1 бац1адго августалда г1азу балин рук1унарелъулха г1адамал. Рач1а гьадин гьабизе: дуца щибго абич1о, дида щибго раг1ич1о.
Гьес вуц1ух1ун бет1ер гьанк1ун тана ва жанго гьеч1ого Мадинада хаду-хадув кафеялъуве вилъана. Группаялъул г1адамал нек1ого кванан рахъун ун ругоан. Гьанжеги Салих1гун цох1о хут1и -цодагьав хисун вугин кола, бук1аниги, кафеялдаго лъик! г1адамал ругел бак1алда-номералда гьевгун хут1инег1ан. Аб-доб бицунаго жанире лъугьана гьел.Салих 1ица бугелда рекъон лъикааб босеян абуна официанткаялда. Пихъ, бежараб гьан ,салатал,коньяк ва шампаньскиялъул шушбиги рач1ана.Щибизе гьасие квал-квалан бокьич1о Мадинае. Щиб бициниги я коньяк я шампаньскияб к1алдибе босинабизе к1веч1о гьесда Мадинада.
-Дуца киданиги гьекьолариш?
-Аа, -ян гьимана жавабалъе гьей.
Т1ок1аб гьабизе жо гьеч1о сордо бащалъараб г1ужалъ мунгун гьекъолди гурони
Зама-заманлдаса кьурдизе яхъаян аск1ор рач1унел камунел рук1инч1о Мадинада. Гьелъги хехго кванан х1алихъего кафеялдаса къват1ив вачана Салих! Х1абибович.
-Мадина, жеги хехго буго. Йилъа цоги бак1алде. Гьадинаб къанаг1атаб сордо г1адада бичазе бокьун гьеч1еб куц. Салих! унгоги хисун вихьула. Т1ован бат1ияв чи - «саламатавин» абураб раг1и бокьараб къаг1ида гьесие.
-Мадина,  хехго буго, йилъа кире рук1аниги.
-Салих! Х1абибович, кват1ун буго. Т1адго руссун лъик!
Рук1аниги гьел ахиралда аск1обго батараб кафеялда жанире лъугьана. Гьенир киналго рач1арал кьурдулел ругоан. Салих!ие рек1ее г1уна. кьурдулел рати:
-Мадина, бегьилищ?
Инкар гьабун т1убалеб шиб.Гьанир кьурдиго лъик1,номералда рилъинег1ан ,саг1ат чандай т1убан буго?
Чанго свериги бахъун , гьел г1одор ч1ана макъан ц1акъго г1ерг1едулеб бугин колаан- ругьунлъич1ого батилаха. Столикалда хадуб коктейлал заказ гьаруна. Унго гьезул г1олилазул къач1ай-гьадинаб бак1алда х1ухь бахъи г1адатияблъун рик1унелги ругоха г1адамал. Мадинал пикраби рикь-рикьинаруна гьелда т1аса минутулъги бер босич1ого валагьун вугев ва жиндирго хьулал толарого вугев Салих1ица:
-Мадина, кьурдизе бокьун гьеч1ищ?
Юц1ух1ун т1аде яхъун гьесда цее эхетана гьей. Бат1алъи щиб -гьадин хъван батани къаси -гьадин бук1ине бичай. Гьанжесал цодагьай каранаде ячана Салих1ица Мадина:
-Салих1, -ан ч1ах1алъана гьелъул берал минуталда жанир..Унго т1ину батиларо гьезул.
-Росасул ч1ужуялъе х1инкъизе жо щиб, бич1уларо.
-Дуца гьединищха рик1унеб! Г1ажаиблъизе бак1 гьеч1о- киналго цо ратила нуж- ручаби кидаго росал гьоркъ рехине х1адурун ругелин колел. -Мекъи ц1аге, гьарула.
-Салих! Лъалаго ц1илъулеб буго дина цодагьаб цебе къоно ч1ваян гьарун бук1араб хабар. Дуда бигьагожо бич1улин щаклъулей йиго дун.
-Мадина, дица дирго рак! ала буго бич1уларо: гьелъие инкар гьабун бажарани-дурго ч1ух1и, гьайбалъи.
Уйищха?! Ярагьунев бихьинчи вук1ин лъалеб бихьула гьасда ва гьеб«х1алт1изабизе» нахъе къаларин абулеб маг1на кола гьесул-бит1ун бич1изе бет1ер бугесда. Халалъи сордоялъул. Мун гьедин гурони ч1оларев ватани- метер кинан чагъана хъвалебали балагьун рихьилин. Хьул буго Абдула-пашаца жидехъ къабул гьайилин. Къаси бусен бихараб х1инч1 киниги къват1ахъ хут1анин, к1варич1о-хут1арал къвабазг1аги гурищ катил малъукъа рик1ад йик1инс йигей. Фархад рокъовг1аги ватаги, г1акъло г1еч1о телеграмма гьезухъе гьабизе яч1иней йигилан. Щиб лъалеб аэропорталдаго данде ч1вазеги бегьулаан гьез дун. Лъаларо, к1очон» тун ятаниги г1ажаибльизе бак1 гьеч1о- щий лъаларей г1адан. Гьабураб кумеклъеги рак1 бух1ун ратании ишго хвана дир. Радал ич1гоялдехун к1алъала - Абдула-паша бит1ун кофе гьекъолев г1уж кола, х1алт1уде инег1ан. Ц1акъго хехго ях1 хвараб кето киниги яч1арайлъун йихьиладай дун гьезда. Вай ручабазул рук1унелщинал х1инкъана гьадиин келадай, додин келадай.
-Салих! Х1абибович, рилъа т1ад руссун. Кафе къалеб бихьула-рогьилеб батила.
-Унгоги.Дица эс гьабич1о. Йилъаха. Цодагьалг1аги кьижич1ого т1убаларо -къо халалъиялъ тукаби сверизе колелъул.
Отелалда Мадина яч1инахъего ручаби ругел номералъул нуц1ида к1ут1ун жаний лъугьана- к1игоял рахъун рогьалил каказда ругоан. Ц1акъ лъик!.
-Бегьилищ? Къаси йик1ине бак1 щвеч1олъиялъ рогьинег1ан кафеялда хут1ана Салих! Х1абибовичгун.
-Щай бегьулареб. Къасиго яч1ине колаан. Нухда чанги къварилъи   колелъул. Дуда туркав т1аделъун вук1анин рук1ана бихьарал бицунел- щиб караб, дир яс, -ан т1амулаго салаваталгун хабаралда яна как бан яхъарай Хадижатин г1адан.
-Бит1арабха. Холалда цояв т1аделъун вук1ана, -ян рах1аталда свакаца холен г1адан креслоялда г1одой ч1ана гьимулаго Малина. -Талих1алъ Салих! Х1абибовичас заманалда ват1а гьавуна Кидаго рак1алде келароан дида аск1ов г1адан вач1инилан Стамбул ц1ун цоцадаса берцинал жидерго г1олилал ясалги ругеб мехалъ.
-Абуге гьедин-мунги чанги берцинаи г1адан йигин гьаний т1оцеейищ?
-К1иабилеб нух.Цо нух данде билъайгун, тфу-тфу машааллагь, бер кезе гурин дирго дицаго гьабулелда , ях1 гьабизе к1веч1ого яхъана гьанжесалги къват1ие.
-Даран гьединаб жоха, дир яс.Цо гьабуни тезе к1олареб -гъурщаз махсароде вачуна г1адан. Мун кьижун иней йихьула, яхъа дир кроваталде, цодагьай кьижа. Дир какидаса хадуй кьижулей г1адат гьеч1ин.
Мадина алагьасе рец гьабулаго кьижун кана параялдаго. Гьелда раг1ич1о ях1 тун хадув вач1ун Салих1ил ва Хадижатил бук1араб хабар. Хадижатица щибго бич1улареб хвелги гьабун кьижун йигин абун нуц1ихъа т1увазавуна гьев. Куцго буго катил. Сахай г1адан ятилин кола, аллагьс хьихьайгин пакъир.
-Г1айиб гьабуге. Квал-квал кана нужее.Цо номералдаса рат1а гьаруна гьаз нилъер группа къаси. -ян т1ат1 алого т1асалъугьаян абулаго ана Салих!. Кваназе г1уж щварабго киг1ан барахщаниги пулан киниги кьижун карай Мадина йорч1изаюна цадахъ ругез. Гьел нек1ого х1адурун ругоан кванан рахъаралго заман инабич1ого къавуда хадур сверизе ине. Мадинае сумкаялъул ургъел кана. Рес гьеч1о хадуй инч1ого гьазда гьарани бат1ияб жо рак1алде кезе бегьула.
-Баркала нужее, -ян квера-берк1алги чурун Мадина сумкаялда хадуй йилъана. -Дун хадуй г1унт1ила. Салих! нек1ого ч1ун вук1ана Мадина яч1иналъухъ балагьун.
-Макьилъ ватиларо дун-ц1акъ бажарана т1урун йорч1ине. Божелго гьеч1еб къаг!ида дур дида.
-Ворч1ами, -ян гьоркьов къот1инавуна Мадинаца гьесул халалъулеб хабар.-Дун цо минуталъ, сумка босизе. Нилъерал кванзе гьоркъе ана.
-Жеги цудунго буго. Жакъа щиб гьабизе рак1алда бугеб?
-Киназго гьабураб, -ан сумкаги босун нуц1ил г1оркь куна Мадинаца.
 Гьале лъуг1ана хабар :к1алъала кафеялдаса Абдула-пашахъе - гьес рехун теларей ятилин. Цоги Салих1ихъ ялагьун къват1ие йилъана.
Яч1инахъего рак1 г1одобе бичазе телефоналъухъе г1едег1ана гьей.:
-Алло, -ян данде жаваб гьабизег1ан х1ал батун йик1ана Мадина, циндаго секундал абадияллъун лъугьана гьелъие, щивго аск1ове вач1унарев кин, хъулухъ г1адан г1аги кие арай. Цощинаб Фархадие жо кун рак1а-рахарун ратиладай, хирияв аллагь  гypx1axa мун дур лагьзада.Талих1алъ гудок къот1ана - лъица кодобе босаниги -гьев г1адамасе г1умроялъ какал ралеб х1исаб лъугьана Мадинае -баркала,аллагь. -Алло. ..Абдула-паша? Хъулухъ г1адан йигеб къаг1ида, гьанже гьелъ к1алъала гьесухъе, цинги бигьалъила к1алъазе.
-Хэлоу, -ян рак1алдаго гьеч1есулъа бахъана Фархадил гьаракь.
Х1ухьел кун хут1арай Мадина г1едег1ана жаваб гьабизе -нагагь трубка г1одоб лъуни кинабго хвелаян, мац1 лъаларелъул, къадараб анлискияб гурони. Лъараг1азе бигьа бугин рук1уна -г1емерал раг1аби турказул мац1алда жаниса рач1арал киниги релъарал ругин абун.
-Фархад! Мадина йиго к1алъалей-рак1алдаг1аги щванани аллагьасе рец буго,нек1ого к1очон ятила- щий дун гьезие.- Мадина, нужер гьобол Дагьистаналдаса.
Бич1анин кола. Лъик! гьеч1ого вугеи г1аданасул киниги буго гьаракъ.
-Дун Стамбулалда йиго. Отелалда... Хадув вач1ине келаро. Дунго яч1ина - нужее квал-квал колареб батани... Абдула-паша кин вугев?....Дурго сахлъи -мун рокъов ватилинго кун бук1инч1о Дун талих1ай йиго дур гьаракь раг1изе...Г1едег1уге, х1алт1уе квал-квал гьабун кезе гурин...Лъик1, дуца мац1 бицунеб бугеб бат1аго - къанаг1ат гурони к1алъаларевлъи якъин...Нечон йиго...Дун отелалдаго балагьун ч1ела, баркала, Фархад... «Прибой», -ан к1алъан яхъингун т1убан рух1далъун йик1ин бич1ана Мадинада. Гьанже кванала -дирго диего сайигъат.
Анц1ила щ1уго минут. Щурго талих! бук1ини Салих! Х1абибович дун гьевгун иней куц бихьич1они. Баркаман, лъик1аб жо буго г1умро, данде билъунеб мехалъ. Г1арза х1адурун лъик! рак1алде щун-т1ад руссунелъур гьоркь хут1иларей къаг1идаялда. Блокноталъул т1амчида Мадинаца чан къоялъ ва щиб адресалъ жий йик1унеяли мух1кан гьабун хъвана. Хабар аллагьас киниб бач1инебали лъаларелъул -адрес лъараб лъик! группаялъул руководителасда.Т1адего вачун рач1ана Салих! Х1абибович:
-Мадина, радалго хъвадарулей? -ан гьимулаго аск1ов г1одов ч1ана гьев.
-Салих! Х1абибович, киг1ан лъик! мун т1аде вач1арав. Дун г1агарал г1адамазухъе иней йиго-яч1инего гьелъие г1оло яч1арайги йик1ана дун. Гьале г1арза -гьари буго нагагь къвариг1ел кани, ялъуни Россиялдаса к1алъани гьаб телефоналъул номералда к1алъаян.Тадруссинег1ан т1ок1аб дир квал-квал бук1инаро.
-Дир гьединаб ихтияр гьеч 1 о..
-Г1едег1уге, гьарула. Рач1а санаг1атаб къаг1идаялда т1убазабизе.Гьабсаг1ат дида хадуб машинагун рач1уна, бич1улищ?
-Мадина... Мун дица йичаларо...
-Салих! Х1абибович, дун гьезухъе гьоболъухъе яч1арай г1адан йиго. Бокьани вилъа дунгун - лъай-хъвай гьабила. Т! ад русине замана щварабго дун отелалде яч1ина.
Кафеялъул гордаса бач1араб машинаялдаса къват1иве Фархад вахъулев вихьанаМадинада
-Гъоле. Божулищ, гьанжег1аги. Дун екеризе кола. Лъик 1ищ,Салих1 Х1абибович?
Гьес уян бет1ер гьанк1ана кванида хъвазецин рег1ич1ого хъапун сумкагун г1едег1ахъего къват1ий иней Мадинае. Цинги цо жоялде кант1арав киниги хадув векерана холалдаса щинк1ун т1аг1уней йигей гьелда, хадув г1унт1игун гьелъул сумка куна:
-Мадина, дида рак! хун ятани бокьараб тамих! ургье. Мун иичазе к1оларо дида.
-Иччай.-ан абулеб Мадинал гьаракьалъухъ холалде жанив лъугьун вач1инев Фархадица эс гьабуна ва аск1ов г1едег1ана гьезда.
-Мадина.щиб караб?
Мадинал ц lap абулеб раг1игун жанив лъугьарав г1олиласухъ бер щвезабуна Салих 1ицаги.
-Ворч1ами,Фархад! Талих1ай йиго мун вихьизе, -ян Салих1ица щаялиго г1едег1алихъего  бичан тараб квер бегьана гьелъ Фархадихъе убаялъе.
 Гьанже босе.
-Баркала т1угьдузухъ, гьайбалъи.
-Эмен киг1ан вохила, мун йихьаравго. Дица гьесухъе к1алъач1о-къаси «сайигьитлъун»бук1инилан тана, -ян Мадинадаса бер босуларого гьелъул сумка жиндихъго босана гьес. -Йилъаха.
Хаган эхетун вугев Салих1 Х1абибовичасдехун юсана Мадина:
-Г1айиб гурищ дуда маг1арул мац1 лъалареб - лъай-хъвай гьабилаан. Дун ина. Бегьулеб батани санг1ат гьабе -къвариг1ел кани к1алъач1ого тоге, гьарула. Къомехлъик1, Салих! Х1абибович.
-Къомехлъик1, Мадина, -ян шурана жавабалъе гьес.
Чаналиго секундалда жанир гьезул машина паркъун т1аг1ана. Циндаго ч1обоголъун ана Салих 1ие дунивал. Щибизе дие гьагал хьулалги лъун гьаб г1азаб ч1амизе къват1иве вахъине вук1арав -дирго иргада ине вук1инч1о. Гьале гьанже къавуда бер ч1вани г1акъло-лъай т1аг1унел ручабигун к1иго анкьалъ рихун лъугьараб Стамбул сверулев вук1а. Ахиралда хут1аравги дун инжилъизе Мадина яч1ина бечедаб г1агарлъигун...
...Т1оцеве вук1аралдаса г1езег1ан хисун вугоан Фархад. Рокъоре щвезег1ан махсаро-хоч1алда вук1ана гьев. Мадинаца рач1арал кассетаздасан вохиялъ гьелъие щиб кьелебали лъаларого лъугьана.
- Гьеб щиб?- ан бакъвараб бакъ кодоб босун хал гьабуна.
-Эмен вук1ана нужер к1одоца гьарулилаан гьединалин бицунев гьелъ росарал рук1ана. Дуца х1албихьич1ищ?
- Рак1алда гьеч1о. Кванан ратизеги бегьула гьит1инав вугеб мехалъ. Берцинаб мах1 буго гьаздасан, - ян кесек бекун к1алдиб лъуна гьес Мадинадаса бер босуларого.
-Х1инкъуге, гьадингоги кванала гьел нижехъ бихьиназ. Амма бежаралда, яги хинк1алгун белъун кваналелде бахинищха. Рилъа богорокъоре.
- Гьабсаг1ат т1аде эменги щвела. Дуда бежиэе лъалищ?
-Лъала, -ян гьимана Малина.- Кьоногн нами кьвариг1уна.
Фархадица богорукъалъул х1алт1ухъаналда жидерго мац1алъ к1иго- лъабго paг1и абуна - гьелъ минуталда жаниб кенч1елел къвариг1араб ц1а-раг1и ч1езабуна Мадина цее эхетерей столалда т! ад… Заман бахъиналде бежулеб бакъалъул мах 1ица рукъ ц1уна.
-Огьо , т1аг1амаб ниг1 мат бугин кола,  баркаман!  Гьаб хьон щибулеб жо?
- Мучари. Чай. Маг1арухъ бижула гьеб.
Къвач1ил к1алт1уги рагьун мах1 сунт1ана Фархадица ва вуц1ух1ун жинцаго чайник гьуна Мадинада цебе. Бакъил мах1 къинабуна гьалараб лъим т1урабго мучарица.
-Баркаман! Ниж заварка гьекъолел рук1уна!
-Гьанже нижехъги гьебго гьекъезе руг1унлъун руго, -ян кверал рахъ-рахъалде гьаруна Мадинаца: кибго халкъ хисун бугин абулеб киниги. Гьеб мехалда жанив лъугьун вач1ана Абдула-паша:
-Лъик! шварай, Мадина-ханум,- къвал бана гьес намуслъарай г1олилалда.- Вохарав вуго мун гьоболъухъ йихьизе. 0! Гьал мах1ал кванил рук1иналда щаклъи гьеч1о: маг1арухъа сайигьатцин гурищ.? Мадина, унго бакъ!- ан къоноялдаса т1алъел нахъе гьабуна гьес ва т1аде къулулаго абуна- Унго мунагьал чурараяй к1одоца гьарулаан гьал. Баркаман, гьит1инаб мех рак1алде щвезабуна...баркала, Мадина. Талих1ал Дагьистаниял гьадинал т1аг1амал кваналел...гьаб цояб щиб?
-Чай буго, Абдула-паша.
-Чай! Сундулг1аги гьадинаб берцинаб мах1алъул гьеб гьабулеб?
-Маг1арухъ бижула гьединаб хер,  гьелъул т1ок1аб щибго гьеч1ого гьабула. Нижехъ абула унтараб бакъ-чехьалъе гьеч1ого г1олареб дару бугин мучаридул чай.
-Бахилъула нужеда. Жакъа къад квен х1адурун бугин абизе бегьула. Молодец, Мадина.- ян аск1ов вач1ун надалда баана гьес .
Сих1 къотун инсухъ ва Мадинахъ валагьун вук1арав Фархадица кассета лъуна магнитафоналда. Ва г1иссинкун макъангун бичана гьеб.
-Ват1аналъул макъан. Фархад раулиш. Дур инсул халкъалъул бакъан, - ан креслоялда рах1аталда г1одов ч1ана Абдула-паша г1олилазда г1одор рук1аян квералъ ишанги гьабун, Цоцахъги ралагьун богорокъорго диваналда г1одор ч1ана Фархад ва Мадина. Заманалдаса къанщарал берал рагьана Абдула-пашаца. -Кин бугеб Дагьистан?
-Дагь-дагь кун хисулеб. Щуго соналда цебе бук1аралдаса г1емерал хиса-басиял лъугьана нижехъ. Замана хехго ине жубуруб киниги - цадахъ г1адамалги руго гьединго цудунго г1амал-хасият хисулел. Лъаларо лъик1алъе я квешалъеяли,  амма нек1о бук1араб Дагьистан т1аг1унеб бугин ва гьелъул бак1алда цогидаб, бат1ияб, ц1ияб лъугьунеб бугин кола, -ян бигьагьаюн т1адеги яхъун Мадинаца х1адурун бук1араб сайигьат: г1арцул ц1ар арав кубачиязул устарас гьабураб ханжар Абдула-пашахъе бегьана. -Къабул гьабе, ракь цоязул сайигьат.
-Унгояб махщел, -ан х1айранго кодобе босана гьес ханжар. -Накъишазул т1еренлъи, гьайбалъи. Баркала, Мадина-ханум. Баркала, дир яс, -ан абулаго г1араб мац1алъ накъишалдалъун т1ад хъвараб жиндирго ц1ар шурулел к1ут1буз ц1алана Абдула-пашаца.
-Гьале цоги цоги Дагьистаналъул ц1ар арав поэтасул т1ехь. Турказул переводги буго гьениб. Т1ехь маг1аразул мац1алъ буго. Т1ехь кодобе босулаго херасул бадиб маг1у хулана:
-Аллагь гурх1ун ватила дир яс хвелалда цебе ват1аналдаса х1инч1 киниги дие рак1-мак1 гьабизе салам босун . Баркала. Мадина юц1ух1ун Фархадихъ ялагьана: цощинаб мекъи жо борч1анадай жиндихъаян ц1ехолеб балайгун. Кинабго лъик! бугоян гьимана жавабалъе ясалъул рак1 г1одобе бичазабулаго гьев. Эмен талих! вуго - щаклъи гьеч1о. Вохарав вуго дунги мун яч1иналдаса:
- Квен ц1орон батила, рахъа кваназе. херав дихъ балагьун ч1оге нуж, г1олохъанлъиялъул саг1тал г1алхуда чуял киниги рекерулел рук1унин, - ан х1алалъ вахъун кванил столалда нахъа г1одов ч1ана гьев ва Салимэда стол г1уц1иян лъазабуна. Абдула-пашаца бисмиллагьиги гьабун жинцаго щибасул гьадароялъуб бакъ бахъун лъуна:
-Фархад. Кванан бихье. Алжаналдаги т1ок1аб  т1аг1амаб батулареблъиги лъай
Кваналаго цоцада хабар бук1инч1о гьезул. Унгоги кванил х1урмат гьабулеб г1адин кана гьеб сих1къот1иялъ. Ахирисеб кесек г1оч1ода ч1валагоги бецана Абдула-пашаца бакъ ва т1ок1аб сундаго квар бегьич1ого чай т1ейилан абуна аск1ой шурич1ого хъулухъалъе эхетун йигей Салимэда.
-Гьалеха чай. Кисан маг1арулазе къуват. Сахлъи? Бац1адаб . т1аг1амаб кванидаса. Фархад . бокьанищ?
-Ц1акъаб буго, Мадинадаса нечон гуревани цоги чашка гьекъелаан...
-Аллагьасе г1оло ,Фархад! Дун конфетезда юесун йигин- ан х1еренго гьимана гьезие Мадина ва жиго яхъун жуяна чай т1езе, амма Салимэ цее кана. -Къасиялде картошкадул нижехъ гьарулел чудаби х1адурила нужее бокьани.
-Г1ела, Мадина. Квал-квал гьабуге, дир яс. Дун цо саг1аталъ ворч1арав г1адан вуго. Фархадгун хут1ила мун, рак1 гъеялъе кирениги а. Хут1аралъул къаси хабар гьабила. Дун вохарав вуго мун гьаний яч1иналдаса.
-Лъик! -ан гьесдаго цадахъ т1аде яхъана Мадинаги.
- Салимэ, сайигьатал кабинеталъур лъе. Фархад, бихье кассета х1алт1уде босизе.Т1ок1ал ругищ?
-Руго, -ян васас рач1арал инсуда цере куна.
-Цо босила, -ян лъимер киниги Мадинал бадив валагьана Абдула-паша ва къомех лъик1ги гьабун ана.
-Фархад,  нилъеца щиб гьабилеб?
-Дур гьабич1ого г1олареб иш батич1они жакъа Стамбулалда , чай гьекъезе буго, -ян вук1аралъувго столалда нахъа г1одов ч1ана гьев.
-Унго бокьанищ?
-Т1оцебесеб класс,- ан берал гьаруна Фархадица.
Мадинаги жиндирго бак1ида г1одой ч1ана. Тукбазда метер ина.
-Суратал рихьизарилищ? – бигьа гьабун гьикъана гьелъ.
-Гьарила,- ян гъоркъанго валагьана жиндирго пашманаб балайгун Фархад Мадинахъ.- Г1ажаиблъи, мун аралдаса дун суратал рахъулев вук1иналда щаклъицин гьеч1ин кола дур. Унгоги дун долдаса инсул рокъовхут!ана, студиялда. Лъаларо щиб бажарарабали, амма сурат бахъич1еб къо бук1инч1о...
-Лъалищ дица дуе релъенал ва ххам босун бук1ана нижехъа,  - лъик1аб бугин рак1 ч1езабуна босулаго. Балагьун вихье бокьани.- Ян Мадинаца холалдае к1удияб сумка креслоялде ц1ана ва елъулаго рагьун Фархадида босараб цебе лъуна.- Дица нужер рукъ цыганалъ киниги «ц1езабун» буго. Дур гьеб ину-ала гьеч1еб бихьула,- ян гьимана т1 аде вахъулаго Фархад, - Баркала,  ц1акъаб кагъат бихьула. Йилъа студиялда. Цее-цее Мадинагун гьел студиялда рилъана.
-Гьаб бахъун лъуг1ун гьеч1о.- ян т1асан ххам нахъе гьабуна Фархадица. Сураталда ч1агояв киниги Абдула - паша вугоан.
-Киданиги бахъун бук1инч1о. Лъаларо гъира бач1ана шиб бук1аниги гьабизе. Нек1огоялдаса сундаго рак1  буссунеб бук1инч1о дир.
- Лъик! Фархад, эмен талих1ав вук1ина гьединаб х1алт1и бихьигун. Дуца г1адамазда цере рахъунарел щай гьел, унго Фархад?  Бокьани Дагьистанал; росилищ залазда рихьизарилищ?
- Дагъистаналде!? Дагьистаналде нолъ инсуца абуна ихдал инилан. Хьул буго цадахъ ине.
- Ихдал бищун гьайбатаб заман. Киг1ан лъик! колеб бугеб Фархад, нуж рач1иналде дица зал х1адурлъила. Дораги руго чанги бажарарал художникал...
- Мадина! Дуца г1умроялда божизавулев вуго дун дуца г1умроялда. Гьелъухъ баркала.
Студиялдаса Фархадица Мадина тукабазде ячана. Гьелъ босулеб бугеб къайиялъухъ валагьун г1 ажаиблъана гьев.
- Мадина, гьелда щиб гьабулеб? Дур тукенищ бугеб? Гьедин баччун тукен ц1езабун бажарулеб жойищ, рач1а дица базабазда к1алъала, гьез самолетал ялъуни поездалда вагон ц1езабун колелъуб рехила къвариг1араб къайи – гьедин учузги ч1ела дуе гьеб. Дур бет1ергьанчияс балагьуларищ г1арац, гьесул х1алт1 пиша щиб бугеб? Бугониги ч1ужуг1адам рокъой рекъон йик1унин рик1уна дица.
-Вай, гьелгощинал суалазе жаваб гьабун бажарулеб бет1ер ч1ужуг1адамалда бук1унин колеб бихьула дуда. Дир рос х1алт1улев гьеч1о. Х1алт1и бичун босизе кола, зах1мат буго нижехъ гьанже бет1ер бахъи гьабизе. Нек1о х1укуматалъ щибасул т1алаб- агьаз т1аде босулаан - гьанже киналго бокьахъе ричан  тун руго, к1варас к1вараб гьабеян.
-Гьесул эбел-инсул бук1инч1ищ г1арац?
-Киса, Фархад. Ниж данделъараб куц аллагьасда лъалеб батила. Гьанже базе журана мина. Зах1мат буго щибго босизе багьалъиялъ.. Рес щиб, ч1аго ругел г1анаб къоялъ г1умро гьабич1ого.
-Ч1ая! Кин дуца абураб? Ч1аго ругебг1ан заманаялъ.Дида гьеб бич1улароан, лъалароан! Лъалищ, мина базе щунусазарго доллар къабул гьабе дидаса. Ине харжалъеян кьурабщинаб г1ададе бак1арун буго дир счеталда. Бич1улищ абизе бокьараб? Дуего бокьахъе харж гьабе, цинги ихдал рач1аралго ниж гьоболъ рук1ина мун бет1ергьанаб рокъор. Къвариг1анаб г1арац босе, бит1ун абуни дида лъаларо мина киг1аналдабан бажарулебали - гьаб к1алг1анижер к1удадас буго : цох1о бак1а-бахариялъе цин унеб щинаб харжан вук1уна цо-цо эмен. Г1едег1уге инкар гьабизе. Кумек гьаби бат1аго квешаб жо гурин кола.
-Фархад . баркала. Йохуца холаго босилаан. Klonapo, гьадингоги нужее налъулай йиго дун. Нухда харжалъе дур инсуца нек1осалги анц1ила щуазаро кьун бук1ана...
- Дун рак1алда ватич1о, - ян г1айиб карав киниги к1алъана гьев.- Бокьич1они дица дуе кьураблъи лъиданиги лъаларо гьеб. Инсуца чаналиго coн харжалъеян кьурабщинаб бак1арун бук1ана гьениб. Счет инсул банкалда гьеч1о. Дие пайда гьеч1ого бегун буго - бегьулеб батани гьабе къабул...
Гьеб к1удияб г1арац буго нижехъ! Гьелъухъ т1обараб завод босизе щола Гьарула. гьаглъугеян. - халаткун гьесул унтуца к1век1ун бугониги берщ гьумералъухъ ялагьун хут1ана Мадина ва юц1ух1ун хут1ана. Щунусазарго доллар! Макьилъ ятиладун. Гьеб къоялъ Мадинаца щуго багьаял халичаби, сервизал вацасе костюмал ва ц1ех бугел ричиэе кожаялъул курткаби росана. Фархадилгун харбидаса т1ок1аб къавуда хадуй тиризе рак1 билъинч1о гьелъул.
Т1ад руссунелъул Фархадица цо бечедаб тукадеги ячун къаси рет1унеб   гурде ва гьелдаго цадахъ къвариг1арабщинаб босизабуна Мадинада - къаси рестраналда илъинилан раг1аги Мадинахъа босун:
- Эбел ва вац хваралдаса щун вук1инч1о гьаниве, - ян пашманго гьимана аск1оса унаго казиноялдехун бет1ерги гьанк1ун, -эмен къаси ц1алулев вук1инин кола. Хьул буго дуе бокьилин . яги дискотекаялде рилъине бегьула..
- О!- ян елъана Малина. - херай дун...
- Унго! Гьедин батани к1иялдего рилъина., жеги къоял ругелъул. Дудаго бихьизе. Метер къаси театралде ине билетал заказ гьарун руго.
- Театр!? Мац1 г1аги лъалебани..- ян угьун х1ухьел бичана Мадинаца: ваи горсверялъ жании ц1ц1ун иней иик1ин бич1аниги щибго гьабизе бажарулеб гьеч1еблъи бич1улаго.
Рокъое щун яхъигун Малина душалъукъе г1едег1ана: бет!ер сверулеб бугин - маргьаби г1умродулъ рук1унарел жалин гурищ г1адамал рук1унел! Цощинаб макьилъ ятич1они дун. Свакраи г1адан лъеца тамахлъизеги гьаюн хехго кьижун кана гьей. Къаси къват1ире рахъине жегн чаналиго саг1ат бук1ана.
Микьгот1убайгун иорч1инайизе Салимэги йит1ун заманалдаса живго хадув щвана Фархад.
-Абдула-паша вач1анищ? - ан к1арчамго гьимулаго данде яхъана гьесие Мадина.
-Вач1инахъего дурги ц1ехон кабинеталъуве ана. Щиб х1ал бугеб дурго?
-Эменгун рилъине бегьуларищ. Нечон ииго янгьиз гьевги тун къват1ие яхъине.
- Дун к1алъан вач1ина, - ян гьимулаго х1алимго Мадинал бадив валагьун ч1ана Фархад. Унго рек1ее г1олен йик1ана гьесие маг1арул гьобол.- Мун х1адуреха.
К1удияб мат1уялда цееги эхетун рет1ел рет1ана Мадинаца. Гьале дол кинобазда рук1унел бечедал ясал, гьезул рет1ел! Г1адан хисизавулев вугев куц гьелъ. Киданиги Арманил гурде рет1ине щвелин макьилъги колароан росулъ гьаюрай ва г1урай Мадинада. Рекъон кезег1ан хиса-хисун гьабуна бет1ералъул рас. Т1асан куртка рекъон гьеч1еб куц. Bай гьадинан рагьа-къан къват1ие яхъунеб сордоги гьеч1ин къват1иб, гьабилеб щиб. Цощинаб т1асан к1игъажабазда рехине кверлъинг1аги гьеч1огури! Гьел пикрабигун Мадина йик1аго Жанив лъугьун вач1ана норкаялъул шуба ва цо гьит1инабго ч1ег1ераб коробкаги кодоб кун Фархад:
-Дур берцинлъи. Мадина. ма, гьале эбелалъул рахас...
-Эбелалъул!? Кинаб берцинлъи - ян йиххи х1алалъ бахчун бажарана берциного рахсихъги ялагьулаго Мадинахъа.
-Гьарула къаси баян, -ян коробкаялдаса босун Фархадица рахас цебе куна Мадинада.-Эбелалъе ц1акъ хирияб бук1ана гьаб. Дудаги рекъон бук1ина. Бихье. -ян Фархадица гарбида хуна к1ал-мац1 къот1ун хут1арай Мадинада канлъукь къер-кьер кун кенч1елеб бриллиантазул ц1ураб гьайбатаб рахас.- Рекъон буго. Дур расалгун къацандун кенч1олеб бугин кола. Гьаб инсуца босун батана, - ян норка к1игьажазде рехана...
-Фархад! Рет1инаро, г1адада абуге.
-Дир рак1 хвела Мадина. Гьеб гуребги инсуда мун мекъи йич1ила - рестораналда гьобол ячине к1оларевлъун гьавуге гьев, -ан квеш бук1и бахчич1о Фархадица.
Унго жалго нечеч1ого рук1ине гьабулеб жо батила гьазул - гьаглъи дир бич1уларей! Бечелъи бат1а-бат1аяб бук1унелъул, гьазие норкаялъул шуба дие  узабго кофточка киниги батулъеблъи якъин. Г1адамазда гьоркъор намуслъараб х1алт1и кезе бичаларин ратила. Ургьич1о дун.
Эбелалъул?! Кинаб берцинлъи…нахъе лъе, - ян берцинго балагьун т1ад буссинабуна Мадинаца гьеб.
    -Мадина, гьарула баян. Эбелалъе хирадаб бук1ана гьаб. Дудаги рекъон бук1ина. Бихье, - ян Фархадица горбода хуна кенч1елеб бриллиантазул рахас,- Рекъон буго, дур расалгун къацандун кенч1олеб буго гьеб – чан сон бараб т1ад канлъиялъул нур ч1вач1ого рахасалъ: гьале къо щвана.- Намусго гьимулаго  цогидаб коробкаялдаса босун норкаялъул шуба рехана гьес абизе раг1и батуларого йигей Мадинал к1игъажазда.
    -Фархад! Рет1инаро, г1адада абуге. Г1орхъи тун арал жал рекъон рук1унаро г1адамасда. Эбелалъул рахас! расги гурей г1адамалда балеб г1адат гьеч1о кибго. Нужехъги батиларо. Талих1 эмен аск1ов гьеч1ев гьанже нилъеда! Рак1 бекилаан  херасул.
  -Хехдаруге. Дун гьит1инав васги гурелъул. Инсуда кинабго лъала – гьарула гьабуге дир рак1 бакъвазе. Дуе бокьилилан къойица хьулалда вук1ана дун, кидаго гьабулеб г1адада кола  дир… - ан горда цебе бугеб кроваталда рехана гьес шуба.
   -Т1ассалъугьа, дие бокьун бук1инч1о мун къварид гьавизе. Эбелалъулин дуца абигун йиххана дун – гьаб рахас нужер хъизамалда ц1акъ хирияб батила, бич1улищ дие абизе бокьараб жо, щибаб хъизамалда рук1унел ратила гьединал рек1ел т1иналда лъурал жал. Г1айиб гьабуге. Дирги т1ом къохьол гурелъул – гьединал сайигъатал дие ц1акъ багьаял руго – дун нужер къаг1идалда ц1акъ мискинаб хъизамалда г1урай г1адан йиго. Жеги росасадасаниги сайигъат бихьарай г1адан гуро, гьаний яч1ун яхъиналда нужеца нечезайиялъ бадий ялагьизе к1олеб х1ал толеб гьеч1о – «г1алхулай» ан рук1унел ратила нуж дида – бит1араб батила нужее гьабулеб «г1иси-бикъинаб» жолъун колеб. Йгониги  дун чидар г1аданлъидал нужее.
   - Лъалищ, гьаб рокъор чидар г1адамал рук1унаро. Мун гьанже чияр коларо,- ян гьимана Фархад.- инсуца «дир ясин» абич1ищ – гьел раг1аби г1оларелдай.
    -Дуе бокьахъе сверизабула Фархад, дуца иш,- ян гьимана Мадина угьун х1ухьел бичалаго ва нахъойги шуба т1ад рет1унаго.
    Рестораналда Фархадица вач1инахъего жиндирго   гьудулзабигун лъай-хъвай гьабуна. Мадина маргьодулъ йигей киниги йик1ана. Рук1унел ругел г1адамал! Гьезул берцинаб хьвада-ч1вади. ч1ужуг1адамалдехун тамахлъи, к1алъаялъул х1еренлъи. Залалъул ч1ух1и, столалда т1ад квен-т1ех г1уц1ун бугеб куц – машааллагь. Цодагьаб жинцагоги гьекъон Фархадица бокал борхизабизе т1амуна гьудулзабазда цее Мадина. Рекъон бук1араб куц маг1арулалда нечей. Заманалдаса к1иялго хут1ана столалда нахъа гьел – гьудулзаби жидерго ручабигун дагь-дагь кун рикь-рикьун ана. Цодагьав Фархад гьекъон вук1иналъ рах1ат хун бук1ана Мадинал – цощинаб бегьуларого батаниян. Бугониги жиндаго х1ал лъазе тун абизе к1веч1о. Абдула-пашаги кьижун ватила. Ругьун гуреблъиялъги батила залалда бугеб г1исинабго хъуялъ ва гъекъараб бокалалъ Мадинал бет1ер унтулеб бук1ана. Кинабго бич1арав киниги рокъоре рилъинищан абуна сордоялъ Мадинадаса бер т1аса босуларого вук1арав Фархадица. Т1аде рахъунаго Мадинада Фархадил рукъалда бараб саг1ат алда бер ч1вана – вабабай лъабго т1убан бихьула – бук1ине рес гьеч1о!
    -Фархад. Саг1ат чан т1убан бугеб?
    -Лъаларо. Ч1ая.- ян саг1аталде валагьана гьев – Ункъоялде анц1ила щуго минут х1алт1ун буго. Минутал г1едег1ун рук1унел куц…
    -Нек1ого рокъоре щвезе замана щун буго нилъее. Г1ураб замана бан бихьула нилъеца гьаниб – дур анищ карал гьудулзаби руго, нужер ручабазул берцинлъи, гьабсаг1ат т1егьарал розаби киниги рук1унел руго кидаго.
    -Бит1араб. Гьезул т1ок1аб х1алт1и гьеч1елъул, гьумер  «гьабулел» ва рет1ел хисулел рук1ин гурони. – ян Мадинал рукъ куна гьес ва тамахго къват1иехун ячана.- Мун гьезда гьоркъой къаси кьуруда бижунеб эдельвейс киниги йик1ана – кидаго розабиги ч1алг1унелъул! Гьалмагъзабазул балаял рихьана дида - намуслъиялъ дуца бет1ер борхулеб бук1инч1ониги. Ч1ух1арав вуго мун гьединай йик1иналдаса ва дунгун цадахъ къват1ив яхъиналдаса.
    Аб-доб бицунаго машиналъухъе щвана к1иялго. Ц1вабзалаб сордо бихьигун бет1ер борхун ялагьун хут1ана Стамбулалъул сардил берцинлъиялъухъ.
 Циндаго  рогьалил как ах1улеб гьаракь бахъана – щаялиго жаниса бух1ун ана Мадинал чехь: къаси сардилъ чидар г1олилавгун рестораналда щибулей дун! Аллагь г1асилъич1они дида…
     -Мадина. кьер т1ун анагури дур – сунца рах1ат хвараб? – Мадинахъ валагьун вук1арав Фархадица хехго эс гьабуна Мадина хисарай куцалъул.
     -Гьеч1о, циндаго цеве т1амун вач1ана рос – гьесул  адаб тараб х1алт1и дица гьабуна къаси.
    -Мадина, ялагье дихъ – яцалда аск1ов киниги хьвадич1ищ гьанжелъизег1ан дун?
     - Фархад. Г1айиб гьабуге. Дуда к1алъазе бак1 гьеч1о я дир я цоидасул. Г1иц1го дида буго г1айиб - дун росасул ч1ужу йик1ин к1очон тезе бегьулароан – дида гьеб мунгун къаси к1очон тун батиялъ х1инкъана дун – гьедиг1ан кквел гьеч1ей г1адан ятиялдаса. Мун унгояв гьудул - гьалмагъ вуго – баркала киналъухъго. Дида къаси сордо, нужер г1аданлъи ва рац1алъи киданиги к1оченаро.
      Бигьагьаюн машиналъуй яхинаюна Фархадица Мадина. Пакъир росасда лъач1ого рестораналда унилан жиндиего г1азаб гьабулей йихьула пулан. Рокъоре щвейгун Фархадица гьелъул рукъалъул нуц1ил к1алт1ае щвезаюн тана Мадина:
     - Баркала дуе къаси  дунгун къват1ие яхъаралъухъ – божа, чанги сон бук1ун батила дун г1адамал ругелъув инч1ого. Къаси гьудулзабазул г1ажаиблъиялъе г1орхъи бук1инч1о – бит1араб, мун гуреяни дун гьезда киданиги вихьич1ого вук1инеги бегьулаан рестораналда. Сундулго ургъел гьеч1ого рах1аталда кьижа. Цодагьалъ гъапулъизе дунги ина.
     -Лъик1, Фархад, дуда лъала г1адамасул рак1алда нах бахине.
   Радал чаялъул мах1алъ йорч1инаюна Мадина. Подносалда лъун чашкагун яч1ана  цее тарай г1адан. Мадина гьимана гьелъие яхъизе замана щванин бич1изабизе йит1ун яч1ун ятила гьай. Кьижизе бокьун бугеб куц. Саг1тихъ бер щвезабуна – вай анкьгоцин т1убач1еб г1уж бихьулагури .Цощинай Абдула-пашае къвариг1ун йигодай? Хехго рет1елги рет1ун гъоркъе г1едег1ана – цощинаб кара-тараб жо бугодаян ургъалида. Холалда х1алт1уде ине къач1арав Абдула-паша вугоан:
    -Ворч1ами, Абдула-даци.
    -Йорч1ами, Мадина-ханым. Кин кьижарай?
    -Х1алт1удейищ? – ан бигьагьаюн гьесул гьурмаде бер щвезабуна  Мадинаца: унго щибдай херасе абизе бокьун бугебан.
    -У, ругьунабго жо. Щибизеян ц1ехани жаваб гьабизе бажаруларо,- ян велъана гьев хъах1лъи рек1араб бот1рода ругьунго квер бахъунаго.- Къвариг1араб тараб батани абе инег1ан.
     -Баркала. Гьеч1о. Нолъ Фархадгун  рестораналде ун йик1ана…
    -Г1олохъанлъи г1адамасе цо нухалъ кьолеб жо буго дир яс, божа херасда. Азарго баркала дуе Фархад хиса-басун вач1инев вуго. Рак1 бекич1ого гьесда валагьун бажарулароан дихъа – гьанже бат1ияв г1адан лъугьана гъаримасул. Щибасул къисмат. Гьале лъуг1ана  кидалиго ц1ар арал Мух1амадовазул фамилия. Дида гьабизе к1олеб жо батич1о – къисмат. Цох1о унтарав васасул бадив валагьун хут1ана. Лъие телеб умумаздасаго бак1арараб? Лъица кьелеб дир г1адамазе рух1алъе квен? Цоцо кола кинабго  тухумалъул «ахир» дида щибизе аллагьас бихьизе хъван бугебалиян… Ина дун. Къомех лъик1, дир яс. Бокьуларо кват1изе – дун ина. Гьабсаг1ат вахъина Фархад – рак1 гъеялъе бокьаралъуре а, гьарула,- нечон-къан ч1оге.
    Юц1ух1ун хут1ун йик1арай Мадинаца х1алихъего абуна:
    -Къомех лъик1, Абдула-паша, - ян ва аск1ое гьесул ун к1аркьада баана.
    Маг1у хулалилан кана Мадинада  гьесул – Абдула-паша хехал галабигун Мадинада бер щвезе толарого къват1иве г1едег1ана. Бигьагьабун хадуб къирун хут1араб нуц1а къана т1аса гъоркъе яч1иней йигей Салимэхъги ялагьун Мадинаца. Талих1 къарал гурони г1адамалго гьеч1еб къаг1ида гьаб ракьалда. Унго щиб унтидай Фархадил бугеб? Щай гьесие ч1ужу ячунарей - цощинал лъимал рук1унареблъи х1акълъунищ. Яги …щиб г1ила? Пикрабазда Мадина Фархадил рокъое йилъана. К1ут1ана нуц1ида - сих1къот1и, йигониги жаний лъугьана: цо талих1 кьижун вихьула парахаталда. Цодагьай жийгоги кьижилилан т1ад юссана Мадина ва бусада щварай щвеч1ей ин караб мехалда кьижунги кана.
    К1иабилей Мадина йорч1арайго  саг1ат анц1го т1убан бугоан. Лазаталда душалда гъоркь кепги босун, гъоркъе йилъана – Фархад кивго гьеч1оан – вахъинч1огодай? Т1аде юссун йилъана  Фархадил рокъое:
   -Бегьилищ, ворч1ами, - ян намусго жаний лъугьана бусадаго вугев Фархадихъ ялагьун бер нахъе босизе к1оларго.
    -Йорч1ами! Т1ассалъугьа, дун жеги бусадаго вуго. Киг1ан хехго яхъарай. Радал эмен вихьилин вук1ана хьулалда – кьижун хут1ана. Гьаниехун яч1а г1одой ч1езе.
     -Эмен х1алт1уде ана. Дун ина. Кофе гьекъелин кани дун ялагьун ч1ела гъоркьа.- ян Мадинаца балай г1одоб буссинабуна, ва хехго къват1ий г1едег1ана.
     -Дун хадув г1унт1ила - ян Мадина жиндихъ ялагьун йик1араб куцалдаса вохуца холаго душалъукъе г1едег1ана Фархад – кеч1 ах1улеб х1ал бук1ана гьесул.
     Мадина богорокьое йилъана ва картошка бежизе жуяна, жаний яч1арай Салимэ бет1ер гьанк1ун къват1ий йит1ана. Г1иял х1ангун цебе лъезе киг1ан гьуинаб бук1ина картошка, цинги гьекъезе бегьула кофе…. Яги цин кофе гьекъела. Картошка бежун бахъинег1ан. Абизего замана инег1ан т1аде щвана разилъиялъ мат1у киниги кенч1елев Фархадги, ва х1икмалъун валагьун ч1ана фартукги рац1укъ бан  печалда хадуй кванида  жен-жендилей йигей Мадинахъ.
     -Ях1 гьабе. Цо минуталдаса кофе кьела, - ян данде гьимана ц1и-ц1и гьабун гьесухъ ялагьулаго Мадина.
  Унго гьайбалъи  маг1арулалъул! Росасда йик1ин к1очене бегьулеб гьеч1о…
     -Фархад, мун сундул пикрабазда вугев?- ан гьесухъ ялагьун танхъун хут1ана гьабулеб коч1он Мадина.
   -Духъ валагьун г1орц1уларого вуго, елъуге. Божуларищ? – велъана гьев халаткун балагьараб балай столалда т1ад ругел т1угьдузде буссинабулаго.
    -Вай, бер кезе гурин. Нижехъ гьедин абула – г1адам бадив вецулев вугони, ялъуни халаткун балагьун вугониги…
   -Унго! Гьанже щиб гьабилеб? Дир берал дудаса нахъе рачун дихъа бажарулеб гьеч1ин.
    -Кваг1аб к1игъажалдаса лъабц1ул щайт1абаздехун тузе кола…- к1арун елъана Мадинаги – гьесул аваданлъи гьелдаги т1ибит1ана.- ва хабар-к1алалда гьроркьоб  бахъараб меседил кьергун бежун бахъараб картошка  гъадароялъуб бахъун столалда лъуна.- Нужехъ радалго кваналеб г1адат батилоро. Лъаларо дица картошка бежана – цодагьай якъун йик1иналъги батила.
    -Дица абич1ищ дуда рестораналда кванайилан – нечеялъ х1анч1ица кваналеб жог1аги бог1олъи къулч1изабизе к1веч1ин нолъ дуда. Баркаманалъул берцинлъи – Салимэда гьаб  г1елму малъич1ого Дагъистаналде йичан пайда гьеч1о дур, - ан г1оч1ода ч1ван к1алдиб лъуна гьес картошкадул кесек, г1ажаиблъула – киса дуда гьаб кинабго лъалеб?
     -Нижехъ г1адатияб иш буго - квен-т1ех гьаби, рукъари, рукъ-бак1 бац1и, - ан данде йит1ун г1одой ч1ана Мадина ва жиндирго гъадароялъе саламатго картошка кезабуна, босана кодобе чадил рац1и…
    -Мун цощинай кваназехъинай цин гурищ?- ан велъана Фархад, Жакъа гьесул унгоги лъик1аб аваданаб настроение бугоан.
    -Кофеялъ т1уяларин кола, - ян махсароде буссинабун тана якъун йик1арай Мадинаца гьесул к1алъай. - Жакъа щиб гьабизе рак1алда бугеб?
    -Лъаларо. Дуе бокьарабха. Инсуца абуралъуса киве дун кьурилев…
    - Рач1а инсуе картошка босун рилъине.
   -Бегьула. Жакъа киназго картошка кваназе т1адаблъун гьабила нилъеца, кванач1ел дир тушманлъун вахъина. Божулищ?- ан кеп щун велъана Фархад.
     Т1ок1аб къвариг1араб Мадинаеги бук1инч1о - гьесул рохел, разилъи. Велъулаго гьесул гьумер кунч1улеб куц – г1азаб камулеб гьеч1о – замана, т1ок1аб къвариг1араб гьеч1о – дихъа бажарила гьесие кумек гьабун, щиб унтиг1аги лъалебани…заманалдаса лъалеб батила: дунго яхъун гьикъизе рекъон гьеч1о, жидецаго абила. Хирияв аллагь, гьал гьац1ил кьерал беразул берцинлъи! Гурх1а аллагь мун дурго лагъасда, гьарула …Лъач1ого цо-цада руссун ругеб мехалда, Фархадил мобильникалъул гьаракь бахъана. Хисараб куц сверухълъи – унго гьедин бук1унеб къаг1ида. Фархадица трубка г1инда ч1вана:
    -Г1инт1амун буго…ворч1ами, эмен, кинабго лъик1, кофе гьекъолел рук1ана…бич1ана, вохуца холаго….Мадинал инкар бук1инарин кола….баркала, эмен…жакъа лъалаго лъик1 вуго…тана, - ян гьимулаго сих1къот1арай Мадинахъ валагьун ч1ана гьев.- Катида бер ч1варай г1унк1 киниги лъугьана мун. Тамашаяй г1адан.
    -Г1адахъ босуге, гьарула. Мун инсуда к1алъалелъул квал-квал бичаларин йик1ана.
    -Къаси нилъ Салман-эфендил банкеталде ах1ун руго – инсул бук1араб талих1аб гьаракь мунгун вач1инин абигун. Театралъул билетал г1ададе кана. Бокьани рилъине бегьула гьениреги, дие бат1алъи гьеч1о.
    -Лъаларо, щивг1аги лъаларев г1адамазда гьоркъой – бечедал гьезда берзукъго йихьинаро дун. Дурго г1елалъул ясгун ани цодогьавги талих1ав вук1инаан эмен – дун сабаблъун нечезаризе бокъун гьеч1о – божа. Мац1ги лъаларелъул.
   -Киналдаго х1инкъулей йиго  мун - х1инкъарай г1адан йигин дица рик1унарейлъи лъай. Дуда аск1оса кьуриларо, гьеб гуребги, дир гьудулалда к1алъазе рахъине  гьезие лъица ихтияр кьезе бугеб. Г1айиб гьабуге - кутакалда хиял буго студиялде ине, нек1огоялдаса бук1инч1о  гьадинаб асир дилъ.
   Гьале! Дагь-дагь кун кинабго рук1алиде бач1инеб буго. Дие гьабураб квер бакъи г1адада теларо . Аллагьас кумек гьабила дие Фархадил ва Абдула-пашал рак1азда ч1вараб ц1ер биинабизе…Дие къоял щвезег1ан к1вараб гьабила – гьел лъик1 ругони дие квеш  бук1унареблъи якъин. Фархад ун вахъигун, Мадина азбаралъуе къват1ие йилъана ва бигьагьаюн кавудахъан къват1ибе бегьана Гали, валагьун ч1арав охранникасда к1алъач1ого къана хадуб нуц1а. Цодагьай аск1оса-г1ебедаго тира-сверила,мина шагьаралда бакьулъ батиялда щаклъи гьеч1о, нагагь тохлъани телефоналдаса к1алъала.
    Унго къоялъул гьайбалъи – бакъул хинлъи, Дагъистаналда г1азу бан батила. Турция ралъдал хинлъиялда бук1унелъул. Минабазул бечелъи, ч1ух1и, к1алг1аби унго-унгоял. Г1айиб гурищ  гьадинаб берцинаб бак1 нилъехъ гьеч1еблъиялда. Заманалдаса бук1инеб батила кидаг1аги- заманалдаса. Бакъанидасаги ун бук1ана Мадина шагьаралда тир-тирулел. Замана к1очана гьелда. Шагьаралъул бет1ераб къват1 къойица тирич1ого раг1алде щвезег1ан балагьун бахъунареблъи бич1ана гьелда. Университеталъул комплекс, стадион! – унго анищаб г1умро гьабизе шагьар. К1алъалин йик1аниги  телефоналда аск1ой ун яхъинч1о Мадина – Салимэ аск1ой яч1ани мац1 лъаларелъул нечон йик1ана. Якъизеги якъун сваказеги свакан  т1ад юссана гьей. Кваназе кафеялда жание лъугьинег1аги эс гьабич1оян жиндаго рак1  бух1ана - гьанже къаси кваназе рак1аризег1ан хут1ила.
   Холалда лъугьигун Мадинал бер ч1вана диваналда свакараб къаг1идаялда г1одов ч1ун – вегун  вугев Фархадида. Мадинада бер ч1вайгун тамашаго валагьана гьев – Дун вук1ана мун т1ад юссун ун ятилин…
1 Г1айиб гьабуге, телефоналда к1алъач1еблъиялда. – ян аск1ойго г1одой ч1ана.
-Кин араб къо?
   Унгоги бук1араб лъик1аб настроение  студиялдаса къват1ив вач1инег1ан – Мадина Салимэца жийго анин къват1иеян абигун щибалиго дагь-дагь кун хисана.  Гьоболалда бараб щибг1аги бук1ине колеб? Г1ажаиблъи.
Мадина т1аде яхъана:
-Дун цо кваназе жо балагьизе ина, - ян  бокьуларого йигониги т1аде яхъана.
Богорокъоеги йилъун холодильникалдаса къват1ибе  нису босун ч1иризе жуяна, хадубго ролъги буцун гонде гьабуна. Бигьа гьавун жанив лъугьун вач1ана Фархад ва Мадинаца гьабулелухъ валагьун столалда нахъа г1одов ч1ана.
-Фархад, мун сундул пикрабазда вугев?
Гьев   х1алимго гьимун жаваб гьабич1о.
Мадинада юц1х1ун ц1еда къоноги лъун ц1урачадал гьаризе лъугьана. Т1оцебе бежараб бух1илаго къот1ун кесекал гьарун гьит1инабго гъадароялда лъуна Фархадида цебе, гьев мах1 сунт1ун вагъарич1ого ч1ана Мадинада т1ад лъун бералгун. Т1еренаб чадил рац1иги босун Фархадил к1алдиб лъуна ва посудада юссунаго щиб абилебалиян ялагьун ч1ун йик1ана.
-Щуйилаб, киданиги гьадинаб т1аг1амаб чед кванан бук1инч1о…мун т1ок1ай Дагъистаналда йичан пайда гьеч1о  инсул кухаркабазда гьаб г1елму малъинч1ого.
-Бокьанищ? – ан Мадинаца рац1и босана.
-Киг1ан ругониги г1елеб х1ал гьеч1о, - ян Мадинае кваназе кумек  гьабуна ва гъадаро бац1ад гьабун хадуб т1адеги жубана, - инсуе росун рилъа ц1орозег1ан, а?
-Вай, гьесие бокьиларо квал-вал гьабизе.
-Ургъел коге, бихье гъадринир лъезе, - ян Мадинае кумек гьабизе жувана гьев.
-Дун рет1ел хисизе ина, - ян Мадина жиндирго рокъой г1едег1ана. Фархад къвач1инаб квенги лъун холалда вугоан цее тарай ч1ужуялда цо жо абулев.
 Гьей йихьигун Фархадица ах1ана:
-Ру-сал-ка! –  ян ва дандеги вач1ун к1аркьада баана.
-Фархад!
Абдула-пашал банказул бет1ераб офис шагьаралъул бакъулъ бугоан. Мадина йихун йик1ана сверухъ бугеб бечелъиялдасан, кинабго багьаяб, унго-унго бищунго лъик1аб: минаялда  жаниб къайи, машинаби, ч1ух1арал саламатал г1адамал. Бащадал кверги босун к1алъана Фархадида, Мадинаеги гьимулаго салам кьолеб бук1ана гьез. Приемниялда йигей г1адан Фархад вач1инев вихьигун к1анц1ун т1аде яхъана ва инсухъе жанир ричана. Талих1алъ гьев живго вугоан.
-О! Кинал гьалбал, - ан виххи бахчулаго данде вач1ана Абдула-паша.
-Т1ассалъугьа квал-квалалъухъ, - ан баг1арлъун яхъана Мадина.
-Лъалищ, щибизе рач1аралали, - ан гьимана Фархад, - дуе квен босун… у, гьединаб ниг1мат ц1орозе тезе рес гьеч1илан х1алица ячана Мадина гьание.
Фархадица жеги рух1илаго ругел ц1урачадал Абдула-пашада цере лъуна. Мадина бет1ер борхизе к1оларого эхетералъуйго йик1ана.
-О! Фархад, нуц1а къае. Мадинал кверзул х1алт1и бихьула, уйищ,  Мадина-ханум? – ан кверал чурана Абдула-пашаца, цинги гьит1инабго скатертьги т1амун кваназе жувана, - м-м, дур бит1араб Фархад…нуж г1одор ч1а, унгоги ниг1мат буго, дуца гогьдаризе гьарулел руго ниж Мадина-джан…Къаси щиб гьабизе рак1алда бугеб? Дун банкеталде инч1ого г1оларо.
-Театралде билетал росун рук1ана къасиялде.
-Ц1акъ лъик1, Мадинада бихьизабе нилъер театр кинаб бугебали. Божа, Мадина-джан къойидаса къойиде Дагъистаналде ц1алеб буго рак1. Ц1акъал ц1урачадал руго, картошкадул гьедин гьуинал рук1унин колароан. Баркала гьанире рач1аралъухъ, - ан аск1овеги вач1ун надалда баана гьес.
Абдула-пашал къомех лъик1 гьабун гьал къват1ире рилъана.
Кире рилъинел? Дур гьабулеб жо  т1ад руссине ругоха, Фархад.
-Гьеч1о, Мадина. Гьадинго шагьар тиризе бокьун буго. Лъик1ищ?
-Бат1алъи гьеч1о.
Бакъанидасанги ун бук1ана шагьар сверулел гьел рук1аго. Шагьаралъул бет1ереб къват1, националияб парк, университеталъул бак1, спорталъул комплекс, жеги ч1ах1и-ч1ах1ичл ч1ух1ун гьарурал тукаби…Гьеб къоялъ лъабго залалда балеб хрусталалъул люстра ва щуго кроватазда т1амулел покрывалазул чемоданал къайи босана гьез. Г1арац гьарзаго Фархадица жиндирго карточкаялдаса харж гьабулеб бук1ана. Гастрономалде ун плиткабазул ва бат1и-бат1иял шоколадалъул конфетазул ящикал росана – кин гьел Россиялде росилелан Мадина жуяйгун – жинца росун самолеталда лъелин ургъел гьабугеян х1айранго бадиве валагьулаго гьимана Фархад.Т1оран свакан щвана гьел рокъоре. Салимэда кваназе стол х1адурлъеянги абун Фархадица центр биччана ва щват бичан креслоялда г1одой ч1ун рах1ат бахъулей Мадинада цеве эхетана:
-Мадина, яч1а кьурдизе. Бохдул жалго инел ругин дуда цере эхетизе. Яч1а кьурдизе, русалка.
Мадина гьимулаго т1аде яхъана, цинги кверал х1анч1ица куркьбал кинги рахъ-рахъалъ рит1ана ва бигьагьарун т1оцересел галаби гьаруна. Лезгинка унгоги берцинаб кьурди бугелъулха. Эхетун вук1арав г1адан Фархад креслоялда г1одов ч1ана  паналъун кьурдулей г1олилалъухъ валагьун. Мадина рукъ сверун  т1адагьго, йоржун иней книги кьурдана, зама-заманалъ бет1ер борхун Фархадихъ ялагьулаго.
-О! Дур гьайбалъи! Мадина, сундул х1акъалъулъ ах1улеб бугеб гъоб кеч1, - ани макъан лъуг1игун аск1ой креслоялда г1одой ч1олей Мадинадехун вуссана Фархад.
-К1иго г1олилазул, инсуца ва вацаз вокьулесе кьезе инкар гьабула яс, цинги къаси ясалъул рокъове ворч1ула вокьулев…рогьалида горда гъоркь хунжрулгун вацал ратула гьезда, ахирисеб нухалъ цоцадаги къочун цадахъ к1анц1ула гьел зодоре  рит1ун кенч1елел ругел хунжрузда т1аде. Пашманаб кеч1 буго. Чанги бук1уна гьедин Дагъистаналда.
-Унгоги…гьединаб г1ашикъаб рокьи. Дир киданиги кеч1о гьедин рокьи, щаяли лъаларо, цин ц1али, цинги эбел-вац хвей, хадубго гьаб унти…лъалел ясал рук1ана, гьанже дунго вуго. Инсул хьул буго дие вас гьавизе, цебе г1емер бицунаан ч1ужу ячинеян, гьанже гьесулги киналдасаго рак1 бич1ун бугин кола…нолъ рогьинег1ан дуца рач1арал к1уч1дул ц1алулев вук1анилан абуна Салимэца…мун яч1унилан лъалаго хисана гьев, дунги русалка. Мунгун ват1алъизе зах1мат бук1ина дие, чияр ч1ужу. – ян гьимана Мадинахъ валагьун Фархад.
-Цо берцинай маг1арулайгун лъай-хъвай гьабила Дагъистаналда, гьанже г1емераб замана      хут1ун гьеч1о…
-Мадина, мун рокьи кунищ  арай росасе?
-Гуро…гьев дир вацг1ал кола. Гъосиеги дун йокьулилан кола, гьанже ругьунлъун ватизеги бегьула. Щибасул къисмат. Дие гьединаб талих1 кьеч1о, вокьулесе ине, - ян пашманго гьимана Мадина.
-Вихьизе бокьилаан кинав чи вугевали…
-Фархад?! Вук1унев г1олохъанчи вуго.
-Дур вацал, яцал ругищ?
-Цо яц, к1иго вац.
-Талих1ай. – ан шурана гьес, - бице гьезул, гьарула, Мадина.
-Ч1ая, дихъ суратал руго гьезул, - ан мадинаца креслоялда рехун бугеб курткаялъул чвантиниса лъабго сурат къват1ибе бахъана, - гьале к1удияв вац Халид, политехническияб институтаолда ц1алун лъуг1улев вуго, инженер-компьютерщик вук1инисев; гьав гьит1инав вац, мединституталъул т1оцебесеб курсалъул студент, хирург; яц – Наида, учительница, лъималазе дарсал кьолей г1адан…
-Берцинал, къамарт1ал вацал руго дур… Наидал унгояб маг1арулалъул берцинлъи бихьула. Амма  мун жеги берцинай йиго дие. Дагъистаналде вач1аравго диргун лъай-хъвай гьабизе кела гьезулгун. Бищунго рек1елъе Саид восана. Гьединал  вацазул русалка яц йик1иналъе г1ажаиблъи гьеч1о. – ян цоги нухалъ суратазухъ валгьана Фархад.
Мадина столалда нахъ г1одой ч1ана:
-Вахъа кваназе, ц1оролеб батила.
-А. Гьабсаг1ат, - ан к1ох1алго вахъана гьев.
Столалда Салимэца рек1ее бокьараб щинаб лъун бугоан квназе.
-Мадина, щиб кванзе хиял бугеб?
-Г1анк1удал куркьа…
-Дицани бежараб бакьго кванала, - ян жиндирго гъадриниб Фархадица бежараб бакь бахъана, цин к1иго-лъабго г1анк1удал соусалда гъоркь ругел к1уркьби лъун.
-Баркала. Барка лъеги. – ян гьимана гьесие Мадина кванида юсунаго.
-Дуеги.
Кванан тун хадусал салимэца бач1ана нуц1а рагьигун рукъ мах1ил ц1ураб хас гьезул къаг1адаялъ гьалараб кофе. Мадинае бач1инахъего бокьана гьеб т1аг1амаб кофе. Рокъой кофеял гьекъезе ресалда кидаго йик1инч1елъулха  - гьанже гьале, унго-унгояб турказул кофе гьекъолей. Цодагьаб чакар анищ, гьазул чакар гьабулеб къаг1ада бихьулароха…
Столалдаса аб-доб бицун рахъунаго  гьел нахъойги креслабазда г1одор ч1ана. Мадинаца жинцаго дагъистаналдаса босараб т1ехьалдаса Фархадие  маг1арулалъ к1уч1дул ц1алана. Гьесие к1удияб асар гьабуна г1емердинисел к1уч1дуз. Абдула-пашада  т1ехьалда руссун ратана к1иялго.
-О! Нужер иш квеш бихьуларо. Молодец, Мадина- джан., Фархадие пайдаяб буго гьел асарал лъазе, кьибилалъул  литература, поэзия. Г1айиб гурищ ц1ализе жиндаго лъангут1и – дир г1айиб. – ан угьун х1ухьел бичалаго  аск1ов диваналда г1одов ч1ана  гьев, - дол т1ахьал лъица турк мац1алъ руссинарурал, Мадина?
-Мажгиталда ватана г1адамазда ц1ех гьабигун турк мац1 лъалев ц1аларав г1адан.
-Бац1адаб х1алт1и буго. Унгояв поэт вихьула расул Х1амзатов, щибаб мухъалъул маг1наялъул гъварилъи, ц1одорлъи. Чанги  жидер ц1арал абадиялъ хъвалел, хъвазе пагьму бугел васал ратила Маг1арухъ. Гьаб дуца ц1алулеб нужер къаг1идаялъ хъван бихьула – лъица хъвараб?
-Ч1ужуг1аданалъ. Фазу абун маг1арулай йиго нижехъ. Дие Расулилго кинги рокьула гьелъул к1уч1дул ва къисаби… цощинаб нужее рек1ел гъеялъин цадахъ босун тун бук1ана.
-Баркала, Мадина, дудаса разилъиЯлъул г1орхъи гьеч1о дир. – ан  абуна т1ехь т1ад буссинабулаго Абдула-пашаца, - бегьулеб батани цо-к1иго асар ц1але.
Мадинаца ругьунго Фархадие кинги щибаб раг1и берцинго бич1иледухъ гьезда Фазул к1уч1дул ц1алана. Эменги васги сас тун г1ин т1амун ч1ана замана к1очон тун. Гьаракь къун мадина танхъигун к1иязго циндаго т1аде рахъун хъат кьабуна, цинги Абдула-пашаца къвал бана  нечеялъ баг1арлъун яхъарай гьелда:
-Баркала, дир яс, – ан
Фархад сокалъул бокалгун щвана аск1ое гьекъезе босун.
-Унго артисткаялъул пагьму буго духъ кеч1 ц1ализе, Мадина. Баркула. – ян к1аркьада баана гьес Мадинада бокал бегьулаго.
-Цо дицаги ц1ализин. Нолъ рек1елъ ч1ана гьал раг1аби:
Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан;
Мун разияб гьеч1ищ дур васадаса?
Мустах1икъав вугищ дун дур ц1аралъе
Цодагьавго танхъун хут1ана абдула-паша хадусел мухъал рак1алде щоларев киниги, яги рак1 лъамалъунищали, бигьа батиларо гьедин рек1елъ рортарал раг1аби лъиданиги цере гьурщизе. Амма гьес жеги ц1алана:
…Дур къварилъиялъе, дур байрахъазе?
Черхалда г1асрабаз лъурал ругъназде;
-Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,
Дихъе бадиб ч1вай гьабун балагьулищ мун?
Дун вач1унеб мехалъ кьурул свераби
Кьурун руссинадай диде мугъ рехун?
-Бице гьоболищ дун, бице васищ дун,
Гьаб дур т1алъиялъе, дур г1адамазе…-ян шурулаго лъуг1изабуна Абдула-пашаца    Х1амзатовасул «Бице, Дагъистан» абураб к1очол мухъал.
Гьесда бугеб х1ал бихьигун гурх1ун маг1у ч1езабизе к1веч1о мадинада, хисун лъугьана  Фархадги:
-Эмен, нилъ рилъина маг1арухъе, кват1ич1ого рилъина, гьедин г1азаб гьабуге дуего, дунги хьулъулев вугин Мадина яч1аралдаса гьенив щвезе…
-Фархад, г1инт1аме:
Дий щибго к1варич1о, г1агараб т1алъи, -
Дуца лъураб т1агъур буго дида т1ад.
Гьобол хисуларо т1адмаг1арулас,-
Т1адег1анаб улка кинан хисулеб!
Киналго х1ухь къот1ун хут1ана.
-Гьеб дие… дун г1адиназе хъварал мухъал руго. Г1адада ана г1умро, - ян саназ хъах1 гьабураб бет1ер куна Абдула-пашаца.
-Абдула –паша, аллагьасе г1оло! Гьедин рек1ехъ босуге. Дигъистан кидаго урхъараб буго жидерго васазухъ. Щибасул къисмат бат1и-бат1ияб, Ват1ан цо бук1уна Абдула-паша. Ихдал к1иялго миркалъго рач1а, рак1 ч1ун буго маг1арулазе рокъизе руго нуж. Болъихъал талих1ал рук1ина нужедаса.
-Божула, дир яс. Баркала дуе… огь кват1изе вахъана, - ян саг1тихъ валагьана Абдула-паша, - нужги къач1азе замана щвана. Г1ела жакъаси. Фархад лъик1аб пьесаниги гьеч1ищ?
-Буго, эмен, дуе къвариг1араб жо бугищ?
-Гьеч1о. Мадинае къват1ие яхъине гурдениги босун батиларо…
-Ургъел коге, жакъа босана.
-Фархад?! – ан цац1ан ана «кадиг1агиян» пикру гьабулаго  Мадинал берал. – Дие к1анц1изе бак1 толеб гьеч1о гьанже, - ан г1едег1илихъего Абдула-пашае къомех лъик1ан бет1ерги гьанк1ун жиндирго рокъое йилъана Мадина.
Унгоги гьениб кроваталда г1асиго берцинаб гурде лъун бугоан. Мадинаца ях1 гьабизе к1веч1ого кодобе босана: машааллагь… т1ад бук1араб бахъун рехун, сайигъат т1ад рет1ана ва мат1уялъеу ялагьана.
Вай, бащадаб къаркъала цебе лъун бук1унеб бихьула! Бугониги берцинлъи, рекъон бугеб куц. Гьадинаб гурдеги рет1ун къват1ие г1адамазда цее яхъине к1везе кани чанги сон къвариг1ина дие гьелда ругьунлъизе. Берцинго гурдеги бахъун лъун, Мадина х1аммамалде йилъана. Гьениса къват1ий гьейги рокъоре жанире лъугьун к1иго ч1ужуг1адан рач1инги цадахъ кана. Прическа къач1азе рач1арал ва маникюр, педикюр гьабизе рач1арал рук1и бич1изабуна рач1араз цадахъ ругел инструмент-алат бихьизабулаго. Бащадаб саг1аталда жаний бат1ияйго берцинай г1олилай гьаюна Мадинал гьез. Жидерго х1алт1иги гьабун, къулун бут1рулгун ручаби ана. Мадинае гурде рет1ине гурони хут1араб жо бук1инч1о. Мадина т1ат1алаго мат1уялухъ йилъун жиндихъго ялагьулей йик1ана – бук1ине рес бугищ прическаялъ гьадин г1адан хисулин абураб эжоялда. Гьай х1урул г1ин дунищ?! Кват1изе гурин нахъойги Фархадица тараб хъах1аб, х1ат1икь щолеб гурде рет1ана. Вай! Гьай  г1адан дун?! Щивниги божиларо – релъенал гьумералда рахун рук1ин цин лъалеб гьеч1о, амма гьел рахаралдаса гьумералда бан бугеб берцинаб нур. Т1ад ругел лъаларел колготкаби ва меседил кьералъул бег1ераб каблуказда  ч1урканалтуфлаби ц1акъ рекъон рук1ана гьелда. Дагьабго санаг1ат гьеч1ого йик1аниги  к1игъажал ва бащадаб мугъ рагьараб гурдеялдаса Мадина меседил кьералъул гьит1инабго косметичкаги босун гъоркье йилъана Фархадица щиб абилебалиян жанисанго сородилаго. Болъодухъа рещт1уней гьоболалда данде вач1ана нек1ого  валагьун ч1ун вук1аврав Фархад:
-Венера! – ян мадинал квералда баана, - дунгун къват1ие яхъинарин абуни дида квеш бук1инаро, - ян махсаро гьабун кисиниса бахъун меседил т1аг1елазул комплект цебе куна танхъун хут1арай г1олилалда цебе, - Жакъаси гьал гьеч1ого г1оларо дуе, русалка, - ян цин г1ундузда к1илк1ал, гарбида колье ва килщида баргъич хуна гьес.
Мадинаца раг1и абич1о Фархадихъ ялагьун талих1го гьимулей йик1ана. Т1асан шубаги рет1ун, квер кун машинаялъуе рек1инаюна.
Фархадида лах1ч1ег1ерал ч1урканал костюмал ругоан, хъах1аб гурде ва бабочка. Прожектораз гвангъизабураб к1удияб, нек1сияб к1алг1аялда цебе ч1езабуна машина, мадинае нуц1а рагьун квер бегьун къват1ие яхъине кумек гьабуна, шофер вичан толаго. Кидаго гьединал х1урматал жиндие гьарулел киниги йик1ана паратго Мадинаги. Цинги дое-гьание ялагьич1ого Фархадил гъежги кун холалде лъугьана к1иялго. Огь! Гьаниб бугеб бечелъи, г1аламалъул ч1ух1и! Баркала Фархадие, гьездаса нечезе бак1 гьеч1ей къаг1идаялда къач1ан йиго дунги.
-Мадина, цо-к1иго рак1алъе щвеялъе сурат…
-Дуе бокьахъе.
Минуталда жанир суратал рахъана гьезул, гьеб гуребги ч1еч1ого аск1ор щун репортерал г1адал г1адамазги бахъунеб бук1ана цогидазул киниги суратал.
-Г1ажаиблъуге метер мун Светскияб хроникаялда т1оцеесеб полосаялда ятани – дун къват1иве вахъинч1елдаса чанги сон ана. Къаси журналистазе къанаг1атаб ихтияр щун буго дун квезеги щун…
-Унго?!
Лъалезе салам гьабулаго к1иабилеб этажелде рахана гьел  жанире ине замана г1агарлъигун. Залалъул ч1ух1ун къач1ай, миллиардал харж гьарун ратила гьаб г1уц1улаго!
Фархадица Мадина балконалде ячана, гьезул хъизамалъул бук1ана гьеб  театр гьабуралдасаго. Гьениб гьит1инабго столикалда гъекъолел жал ва пихъ бугоан лъун гьайбатаб т1огьол  квац1игун.
-Фархад, маргьо батила гьеб, - ян шурана Мадинаца.
Данде рит1ун болконаздаса биноклалъухъ кидаго ч1обого бук1араб балконалда чаг1и рихьигун рагьалулел г1емерлъана. Мадина киг1ан х1ал лъазе теларин йик1аниги Фархадида бич1ана гьеб. Талих1алъ т1аса чирахъалги сун, сценаялда бакъаналъул гьаракь бахъана. Мадинаца бинокль кодобе босана. Жидерго национальносталъул  костюмалги рет1ун к1иго ч1ужуг1адан цоцада шуршурдулел ругони гьенир.
…Пьеса лъуг1изег1ан Фархадица маг1арулалъ буссинабуна  актераз бицунеб. Ахиралда театралдаса къват1ир рач1унаго к1иго г1олохъаби рач1ана гьезда аск1оре. Фархадил гьудулзаби. Мадинада мац1 лъаларого батиялъ санаг1ат кеч1о гьезие хабаралъе. Гьел т1орит1ун велъулаго Фархдица абуна:
-Дур берцинлъиялъ асир гьарун руго гьел. Дурго талих1 мац1 лъанг1ут1и, гурелани гъозл цояв жакъасиги дур лагълъун вук1инаан.
-Махсаро бокьула дие, - ян гьимана Мадина. – Кидаго к1оченаро гьаб сордо. Баркала дуе, - ян Фархадида баана Мадинаца.
Гьекъаралъги бат1ияб г1умроялъул ч1ораз сверизабулеб бук1ана бет1ер. Гьес каранда къана Мадина ва к1ут1бузда баана, цинги ч1уч1адилей г1адамалда гарбида, каранда убаял гьаруна. Фархадил Мадинал киниги сверулеб бук1ана аск1ой йигей гьайбатай ясалдаса.
-Фархад, рилъа, - ян гьесул къвалакъан ят1алъана Мадина. – Нилъ гьаглъун руго, рилъа рокъоре.
Гьел машиналда г1одор ч1ун рук1ана машиналъур театралда цере.
-Т1ассалъугьа, - ян Мадинал квер босана. – Рач1а кире рук1аниги рилъине. Рокъов вилъине бокьун гьеч1о гьадинаб сордоялъ, а?
-Кват1ун батила, - ян к1алъана Мадина.
-Саг1ат анц1ила к1иго т1убалеб буго.
-Рокъор рилъа, Фархад, инсуеги ургъел кела.
-Гьабсаг1ат к1алъала, - ян гьес трубка кодобе босана ва секунд иналде Салимэда жидерго мац1алъ цо жо абуна.. – Эмен жеги рокъов вач1инч1ила. Вач1аравго абила Салимэца.
-Кире нилъ рилъинел гьадинаб г1ужалъ? – г1ажаиблъана Мадина.
-Казиноялде, - ян шоферасда к1алъана Фархад.
-К1варич1о гьенир, цойги бокьаралъуре рилъа, - ян гьесул гъеж куна Мадинаца.
-Сунца мун х1инкъизаюрай. К1иго т1убазег1ан х1алт1ула гьеб, - ан гьимана Фархад.
Казиноялда щвезег1ан руц1ун хут1ана гьел. Казиноялда гардеробалда рет1елги кьун т1асияб х1алеб залалда ячана Фархадица мадина.
-Х1азе хиял гьеч1ищ?! – ан кенч1ана гьесул гьумер.
-Дида лъаларо Фархад, дуего бокъахъе гьабе.
Гьес рулеткаялда хадуй ч1езаюна яч1иналъе рак1 бух1ун йигей Мадина ва гьез колеб куц малъина. Мадинаца азарго доллар лъураб номер къуна. Т1аде яхъине йичач1ого цо щуазарго лъуна Фархадица, Мадинае бит1 кана. Цинги ахирисеб нухин анц1азарго доллар лъун тиризабуна гьеб. Сверун г1одор рук1араз «о!» ян гьаракь гьабуна. Мадинал щуабилеб номер бергьана. Фархадица баг1а-бакарлъун лъугьарай ясалда к1аркъада баун фишкаби гьелда цере хъурщизаруна.
-Дуе бит1 колеб бихьула, вохарав вуго.
Нечеялъ Мадинада гьев столалдаса нахъе яхъун цадахъ вачана. Секундалда жаниб колеб г1арац босун аск1ов щвана крупьеги.
-Фархад, гьаб дур кола, гьарула лъоге дир сумкаялъуб, - ан г1адамазда х1ал лъазе теч1ого шурун абуна Мадинаца.
-Гьадинаб сордоялъул лазат хвезабуге, Мадина. Лъик1ищ?
Цодагьал гранаталъул сок гьекъолаго гьенир гъот1ода гъоркь ги рук1ун  кьурдулел залалде рилъана  гьел ва казино къазег1ан кьурдулелги рук1ун, Фархадица мадина паркалде ячана, гьениб санаг1атаб скамейка батун харбида журана. К1ияздагоги жал абадиялъ лъалелги рук1ун цо чаналиго соналъ рат1алъун кун рук1арал кинги бицине гуреб жо батуларого рук1ана гьел. Т1обанго к1очон тана макьу. Ц1оррораб бук1аниги гвангъараб, ц1вабзалаб бук1ана Стамбулалда  сордо. Рогьалилъ  свакаялъ гъапулъун арай бицунелухъ г1инт1амун йик1арай г1адан Фархадица шоферги  машина аск1обе бачининабун йорч1иларедухъ гьение йосана. Рокъове щвейгун лъиениги квал-квал гьабич1ого жинцаго йсун щвезаюна спальни рокъое, цинги гъоркь ялагьун ч1ун ятарай Салимэ йит1ана рет1елги бахъун берцинго бусада егизайизе.
Нахъисел къояз Мадина цо нухалъ дискотекаялде ва тукаде гурони къват1ие яхъинч1о. Т1аде юссине колеб къоялъ Абдула-паша рокъов ч1ана гьей нухда т1ойит1езеян. Кинабго къайи самолеталде мух1канго бахинабуна. Нухда г1арац босизабуна Фархадица. Мадинаца  Абдула-пашада бицана:
-Мадина-джан, Фархад г1урав чи вуго, гьесда лъала щиб гьабулебали. Нижер хъизамалда г1арац рохьоб т1амах г1адинаб жо буго, дир яс, кьураб къабул гьабе. Дуда коелб гьаб щуго къоялъул нижее дудаса щвараб хинлъи, рохи г1арцуда борцун бажарулеб жодаян? Гьев кидаго вук1инч1о гьедин г1умроялъул т1аг1ам ч1ван. Г1орхъи тун босизе рес дица гьабун буго дуе. Бич1улищ, ургъел тун квализе босе. Лъик1ищ?
Абизе раг1и батич1ого къват1ие йилъана гьей, хадувго пакеталда лъун г1арцул пачка босун Абдула-паша вач1ана.
-Мадина, ма к1очон тун буго.
Гьелъ т1урт1удилел квераз босана гьесухъа анлънусазарго доллар. Г1одой щведал Фархадица суратал х1адур гьарун ругоан. Вай, щибаб къояз рахъулел рук1арал къаг1ида:  богорокъой квен-т1ехлда юссун, кьурдулей, дискотекаялда, машиналда аск1ой эхетун данде вач1инев Фархадихъ ялагьун елъулей…
-Баркала, Фархад. – ан суратал сумкаялър лъуна Мадинаца г1арцуда аск1ор ва пахруго гьесул к1аркьада баана. Пашманлъи г1адамасул. Унгоги ругьунлъулел руго ниж цоцада.
Фархадица хадуб нуц1а къайгун Мадинаца жиндиего гьез босарабщинаб рет1ел-кун, шуба, хьитал шкафалъур лъуна ва аск1орго меседил къавул коробкабиги угьун х1ухьел бичалаго нуц1а къана ч1ух1ун гьабураб шифоньералъул. Гъоркьа щвейгун гьенир Абдула-паша ва Фархад ругоан ралагьун ч1ун. Цоцае гьимун къват1ире рахъана аэропорталде инеян. Лъабазего бак1 бук1ана рат1алиъзе.
Аэропорталде щвейгун Мадинаца г1арцул хабар ц1и гьабуна:
-Дида лъаларо г1арцуда щиб гьабилебали…бит1ун бич1а, гьеб дагьаб жо гуро. Бачун абажарулареб гьирлъун лъугьинч1они дие гьеб Дагъистаналда. Щиб дица росасда абилеб? Абдула-паша, дида лъаларо росасда щиб абилебали.
-Мадина-джан, бич1ула дур ургъел, къарзалъ босанин абизе бегьуларищ? Аб-доб босун хвезабе…бат1аго бицине жо щиб бугеб гьединаб дагьа-макъаб жоялъул.
-Рукъ базе кумек букинин вук1ана дун, - ан бигьагьавун к1алъана инсухъ валагьулаго Фархад.
Мадинаца угьун х1ухьел бичана. Гьезда кин бич1изабилеб гьединаб г1арцухъ т1обанго жидер росу бичун босизе бегьулеблъи. Гьит1инаб бук1ина мина!
-Мадина, кида яч1иней йигей? – ан пикрабаздаса ят1а гьаюна Фархадица.
-Лъаларо кин келебали… Ильгамие бокьуларо дун къват1ие йичазе. Гьев вит1арав ватилин кола. Кин каниги нужеца телеграмма кье рач1унеб мехалда, адрес лъала. Хут1аралъул ургъел коге…нуж рач1иналде цойги гьание яч1ине рес щвелеб батилин дие. Баркала, Абдула-паша, Фархад – нужее рак1-рак1алъул баркала нужее чадил кесекалъул ургъел т1асса инабуна нужеца дида.
Мадинаца иргадал гьезда къочун машиналдаса къват1ие яхъана. Группа бак1арун бугоан. Салих1 Х1абибовичги вихьула. Къват1иве вахъун Фархадица сумка щвезабуна, цинги хехго къочизеги къочун шурана:
-Русалка. – ян ва къват1иве вахъунев инсуе кумек гьабуна.
-Нух бит1аги, дир яс. Кинабго лъик1 бук1ине буго, - ян Мадинада къвал бана гьес. – мунго яч1ине щвеч1они, инезухъ саламниги бит1е Фархадихъе, унти к1очон тана ахираб заманалда гьесда.
-Лъик1 таги, Абдула-паша, - ян къварилъана ях1 гьабун йик1арай Мадина.
Аэропорталъул зданиялда мадина щинк1инег1ан хадурги ралагьун, гьел ана.
Маг1ил ц1урал   бераз батила Х1абиб Салих1ович вихьич1ев ва нух кун иней г1адан цеве эхетарав г1адамасда тункарай.
-Т1ассалъугьа, - ян эсцин  гьабич1ого группаялъухъе йилъана.
-Мадина, лъик1 щварай дир мокъокъ, - ан данде яч1ана Хадижат, хадуйго щвана Калиматги.
-Баркала, - ян х1алихъего гьимана гьезие Мадина.
-Гъол щал рук1арал, г1одилей щай мун?
-Лъалел чаг1и, дун гьезухъ яч1ун йик1ана, - маг1у кун бажарулареблъи бич1игун Мадина туалет бугеб рахъалдехун йилъана гьумер чуризеян.
Т1ад юссун яч1инаго данде вач1ана Салих1 Х1абибович:
-Йорч1ами! – ян гьарзаго гимана гьев, - к1алъазе хиял гьеч1ищ?
-Ворч1ами, т1ассалъгьа…дидаса каралъухъ, дуе ургъел гьабуна, - ян намуслъана Мадина гьесда цее.
-Бигьаяб жо. Заманалъ самолеталде яхинайиялъул ургъел бук1ана. Дур г1агарал лъик1ал чаг1и рихьула.
-У. Гьез щвезаюна. Кида рек1унел?
-Бащадаб саг1тидаса. Рач1а г1одор ч1езе.
-Баркала, - ян гьесда хадуй йилъана мадина.
-Мун бергьана русалка! Ресторан «Ленинград» дида хадуб буго, - ян гьимана  Мадина г1одой ч1арай скаейкаялде данде вит1ун г1одов ч1олаго Салих1.
-Гьарула, махсараби те, - ян квер хьваг1ана Мадинаца.
-Дица русалкабигун махсараби х1аларо. Дие гьел рокьуларо.
Гьелъ г1инт1амун гьеч1еблъи бихьигун Салих1 аск1ов г1одов ч1ана:
-Мадина, кида нилъ данде ч1валел?
-А! – турк1ун яч1ана гьей ва х1алхьи бук1унареблъи бихьигун  к1ут1ун т1аде яхъана.
Салих1ица квер хапун кун г1одой ч1езаюна:
-Дун ч1алг1ун вуго, кида дида мун йихьилей. Гьаб щуябго къо жужах1  бук1ана дие.
-Салих1 Х1абибович?! – ан г1адамасул бергьиялъ ц1орогъорозарюрай Мадина гьесухъги ялагьун к1арун елъана. – Лъиданиги раг1ани унгоян кезе гурин…
-Мадина, жакъаси сордо!  - ян абулаго къвал базе хиял гьабуна , амма тункун рехана рак1 къалаго Мадинаца.
-Дида мун рихана.
-Раг1и кьола мун щвеч1ого къаси сордо бук1инарин дие…
Т1обанго гьаглъунищ, яги х1алал рихьулевищ, щиб бач1аниги мац1алда бач1араб раг1и бицунев бихьинчиго кинав?!
-Бегьулеб батани сокалъул бокал босе, - ян абуна гьесда щибго кеч1еб киниги Мадинаца.
Мук1урго вахъун ана Салих1. Хехго рокъое щолеяни, г1арцул бугеб ургъел – бащадаб сумка ц1ун бугин кодоб! Цо лъиданиги т1атани! Камиль данде вач1инч1они рукь бух1ила дир…
-Мадина, гьале. – ян к1иго бокалги босун щвана Салих1.
-Баркала. Апельсиналъулабищ?
-Дуе бокьуларищ?
-У-у.
-Ленинградалде кида йилъиней?
-Заман батарабго.
-О! Телефон?
-Салих1!
-Бич1ана. Кинха мун дида ятилей?
-Гьеб дур бет1ер унти буго. – ян гьимана Мадина.
-Т1оцее данде ч1влей йиго мун г1адинай. Дуе г1оло ц1адулъе к1анц1улел г1емерал ратила…
-Камуларо, Салих1. Камуларо. Цодагьабги дуца хабар халат гьабуни дица кверал эхеде рит1ила, - ян елъулаго Мадинаца ч1обогояб бокал г1одобе лъуна. – Дун  свакан йиго, гурх1а цодагьавниги, - ян ч1амуч1го берал къанщана.
Анц1го минуталъ сих1 къот1ун жиде-жидер пикрабазда рук1ана гьел, амма Салих1ица бихинабуна  гьеб лазат:
-Йилъа, посадка жубана, - ян т1аде яхъине квер кьун кумек гьабуна, - дур сумка гурони къайи гьеч1огонищ?
-Буго самолеталъуб.
Салих1ица группаялъул г1адамал берцинго самолеталда рахинаруна. Г1адада бук1ун гьеч1о щивав жинцаго г1одов ч1езеавулев вук1арав. Жиндиего бак1 Мадинада аск1об кезабизеян.
-Санаг1ат бугищ?
-О! Щиб талих1, мун аск1ов карав?!
-Унгойищ? – ан велъун тана гьес, - Дуца квал-квал гьабиларо, балагьун вук1ин гурони.
Мадинаца кисиниса босун шоколадалъул плитка бегьана гьесухъе:
-Рак1 гъеялъе. Дун кьижизе йиго.
-Баркала.  Цадахъ кванани гъалаанха рак1, - ан кодоб бугеб плитка гелизабуна гьес.
-Салих1 Х1абибович!
-Бич1ана, дицаго ч1амила.
…Унгоги самолет решт1инег1ан Мадина кьижун йик1ана. Трапалдаса гъоркье яхъунаго Камиль вихьуларищан бер щвезабуна. Кинаб талих1, гьале машина, Халид! Мадинаца вацасде квер хьваг1ана «гьале дунан».
-Мун данлде ч1валей йихьула, - ян угьун х1ухьел бичана хадув сумкагун вук1арав Салих1ица.
-Саид, - ан екерна Мадина вацасда къочана, - Саид, киг1ан лъик1 мун вач1арав.
Нечон Саидица раг1и абич1о, аск1ов щвана Камильги.
-Лъик1 щварай, Мадина, - ян квер басана гьес.
-Мадина, гьале сумка, - ян Салих1 Х1абибовичас аск1ов вач1ун бихьиназул кверал рачана.
-Баркала.
-Къо мех лъик1.
-Къо мех лъик1 Салих1 Х1абибович. Саид рилъи къайи босизе. Сумка бихье дихъе кье – рак1 парахат бук1ине, – ян вацасе х1алимго гьимана Мадина – кинаб талих1 Саид цадахъ вач1арав, бугониги ч1ух1улаан вацаздаса, яцалдаса…
Очередалдаги ч1ун Мадинаца босараб къайи мух1канго машиналубе сок1к1инабуна, амма уазикалда босараб щинаб унареблъи якъин бук1ана. Камиль цоги машиналъул т1алаб гьабизе ана.
-Нуж кин ругел, Саид?
-Лъик1 руго. Мун яч1инег1ан хьулалда рук1ана. Халидица къаси къват1ив ин тун буго, - ян гьимулаго бицана Саидица, - рокъосан лъабазарго гъурущ бач1ана, гьанже пайда щиб гьелъул, Халидица хвезабич1ого ч1езабун буго.
-Стипендия щваниш?
-Бач1ана.
-Ильгам вихьун ватилароха.
-Вихьич1о. Дуца росулъищ тун вук1арав?
-У.Цо жо келин, - ан гьимана Мадина.
Гьел хабаралда рук1аго гьит1инабго автобусгун щвана къайи лъезе Камиль:
-Х1алица к1вана вачине. К1иазарго гъурущ.
-Баркала, Камиль. – ан ц1ияб асаралдалъун к1алъана Мадина, буголъиялъ батила лъалеб лъаларедухъ рак1 бакунеб бк1ана сундулъго.
Г1олилаз къайи минуталда бахъинабуна машиналде. Камиль нух малъиялъе цеве-цевеги вичан Мадна Саидгун харбиде Камилил г1ундул гьеч1еб бак1ан автобусалда рек1ана.
Цин вацазухъе йилъана Мадина. Кавудахъ вугоан Халид гьел рач1иналъухъ валагьун ч1ун. Къайи гьенибги бахъун Мадинада ине г1едег1ана:
-Камиль инч1ого г1олареб бак1 буго, г1айиб гьабуге.
-Бигьаяб иш,-ан гьимана.- гьанжейищ?
-У. – эхетералъурго вацалги тун машиналъуе яхъана Мадина. – Саид, доб дихъ кодоб бук1араб сумка нахъе лъе, г1адан чи хъвалареб къаг1идаялда – чидар жо буго жаниб. Дун кват1иларо. Бащадаб саг1аталдаса яч1ина.
Камилица машина гиризубуна.
-Кире?
-«Квартираялде» вилъа.
-Минаялъул иш кин бугеб?
-Квеш гьеч1о, к1иабилеб этаж гьабун лъуг1ана, гьанже зал гьабизе г1адамал т1амун руго. Квал-квал гьеч1они ц1ияб соналде жанир рахъине бегьула. Мун свакан йихьула, къо бихьун батила гъоб щинаб къайигун?
-Бигьа бук1инч1о.
-«Квартираялда» щибизе гьебго  х1алалъ?
-Цо лъазе бокьараб жо буго. Нахъа замана бук1инарин кола.
Талих1алъ гьенир къвариг1арал г1адамалги кодоре щун  ралъдал раг1алда кооперативияб ц1и гьабураб минаялда щуго рукъалъул квартира ц1ехана яч1инахъего Мадинаца.
-К1иабилеб этаж буго, данде  колеб батани.
-Т1ок1аб гьеч1ищ? – ан адрес босана абуралъул гьелъ.
 -Щуго рукъалъулаб гьеч1о.
-Бич1ана. Багьа?
-Миллион анкьнусго.
-Документалгин цадахъ?
-У.
-Метер жаваб гьабила. Дир ц1аралдаса чи вач1ани кинабго т1убазабе.
-Лъик1. Къвариг1ел кани ниж кидаго х1адурал руго, Мадина…
-Баркала, - ян къват1ие йилъана.
Камиль г1ажаиблъана Мадина хехго яч1инаолдаса:
-Т1ад руссинелищ? Яги…
-Гьанже Саидазухъе рилъа. Г1ела, цодагьаб г1адамалгун , г1агарлъигун йик1ине хьулъун йиго. Метер анкьгоялда радал вач1а, бегьулеб батани, дуе цудунго гьеч1ищ колеб батич1они?
-Бат1алъи гьеч1о.
Мадина яч1инег1ан вацал сунданиги хъвазе эс гьабич1ого харбида ругоан. –Саид, цо лъел стакан кье. – ян куртка бахъун рехун кроваталда г1одой ч1ана гьей, - Халида, нужехъ ч1алг1ун йик1арай куц… нужее костюмал  щвана…баркала, Саид, гьеб ящик риче.
-Гьабищ. – ан цебе босана Халидаца гьеб.
-У, рагье, - ян аск1ой йилъана мадина ва гьенисан къват1ире к1иго костюмал пачкаго гурдазул къват1ибе босана, - Бегьулищан балагье.
Халидица маххул кьералъул росана, Саидица цодагьал бец1ал.
-Квеш гьеч1о, - ян цоцахъ балагьана к1иялго.
-Гурдалги нужее, лъаб-лъаб. Саид, доб ящикги босе гьанибе, - ян квер бит1ана Мадинаца ва гьенисан к1иго кожаялъул куртка, спортивнияб рет12ел, туфлаби, кроссоваби, свитерал росана, - гьалги нужее. Бегьулищан балагье.
-О! – ян гьаракь борч1ана курткаги кодоб босарав Саидил.
Иргадал намуслъун баг1арлъи рехарал гьурмалгун рет1ел ва хьитал хиса-хисун хисана васаз.
Мадинада бер балагьизе к1оларого рук1ана гьел – гьебгощинаб рет1ел ! багьаяб, кинаб бакьаниги ургъел гьеч1ого рет1ине!
-Гьанже ургъел гьеч1ого рет1ине жо буго нужее цодагьаб заманалда, - ян к1алъана жанисанго жиндасанго йохун вацазда квер ч1вазе щвеялдаса Мадинаца.
-Гьабгощинаб…г1арац ич1азарго гъурущ гурони гьеч1о нижехъ, - ан вахъана Халид.
-Ургъел коге. Дие гьанже г1арац къвариг1ун гьеч1о. Нахъа балагьун рихьила.
-Рокъоб щибиндай абила?
-Гьел г1емер щоларин нужехъе. Цониги рач1анищ?
-Рач1инч1о.
-Цинги, сундул ургъел. Цо-Цо эбел яч1ани гурони…
-Мунгун бук1унеб бигьаго , - ян гьимана Халид, - Нужее щиб щвараб?
-Люстраби, ъхаличаби, сервизал, жеги бичизе къайиги буго. Нужехъе рач1ине чи ругищ?
-Гьеч1о, лъаларо…
-Цодагьалъ кьижизе бокьун буго. Гьикъаразда  дун нужеда йихьич1о. Лъик1ищ?
-Бокьани кафеялда ина ниж дуе квал-квал келаредухъ, - ан т1аде вахъана Саид.
-Бегь1ула. Г1арац къвариг1арабг1анасеб курткаялъул кисиниса босе., - макьиц1а данде ц1ан инел бералгун диваналдаго г1ебеде ч1вана Мадина, самолеталда кьижараб г1еч1еб къаг1ида.
Свакан ятилилан Саидица хинаб одеяло т1ад бана  яцалда ва талих1го гьиимулаго Халидгун кафеялда бокьахъ г1арац хвезабилилан вохуца холаго  ц1ияб щинабги рет1ун вилъана.
-Халид, гьанже мадар рет1ел щвана нилъее.
-Мадина, гурх1арай йиго…налъукье кеч1ого йорч1ун бажарани …
…Къаси рокъоре щварал васазда кьижахъего ятана Мадина ва кваназе яхъинайизе к1веч1о. Гьабилеб щибилан жийго тана. Йигьи гьеч1ого кьижун йик1ана рогьалида щвезег1ан, цинги цо цебе хъвараб жоящ лъаларо, гьадинго лъаларо х1инкъун т1аде яхъун диваналда г1одой ч1ана. Берцинго йигей бак1 рак1алде бач1унарого вацал санаг1ат  гьеч1ого цо кроваталда кьижун ругел куцалда ялагьун хут1ана. Цинги эсалде яч1ун гьумер чурана ва т1ад бук1араб рет1ел-кун хисана Камиль гьабсаг1ат т1аде щвелилан.
Унгоги Мадина ургъун яхъинег1ан нуц1ида к1ут1улеб гьаракь бахъана.
-Вай! Т1асаалъугьа, Камиль, кинго кьижун г1орц1уней гьеч1о, – намусго гьесдаса гьорораб гьумер бахчана.
-Гьедин дудаго х1ал гьабич1они бегьулареб жойищ ? Дица т1убазе жо батани. – ян рак1-рак1алъ барахщана Камиль гьелда.
-Унго. Халидги вачун а балагьизе гьаб адресалда бугеб квартираялъухъ: къварилъи-г1ат1илъи, телефон, санаг1ат, басрияб-ц1ияб – дудаго лъаларищха, босизе санаг1атаб  бак1.
-Бич1ана. Халид кив вугев?
-Дица гьабсаг1ат вит1ила, - ян Мадина жаний йилъана, - Халид! Камильгун ун вач1а, щибизе гъос абилин, дарсазде гьес кват1изе теларо.
-Лъик1, - ан хабар тун рет1ел рет1унаго къват1ив лъугьана Халид.
-Саид, мун уневищ, - ан колидоралъув лъугьарав вацасдаги ц1ехон Мадина  нахъойги егана.
-Гьеч1о, бокьараб жо бугищ?
-Камиль вач1инег1ан ч1а, гьес щвезарила нуж.
-Лъик1, - ван спортивниб рет1елги рет1ун  аск1обго бугеб паркалде векеризе ана гьев.
Микьгоялда щвана васалги институталде щвезарун Камиль.
-Щиб караб?
-Багьана гьеч1о, бук1унеб ц1ияб къаг1идаялъ минаялда квартира буго.
-Ц1акъ лъик1. «квартираялде» к1алъайян телефоналъул номер кьуна Мадинаца гьесухъе.- Документал гьаризе къалъудаса хадур рач1ининлан абе.
-Бич1ана. Гьеб замана щвезег1ан дун х1ажалъилевищ?
-К1игоялда вач1а.
-Къо мех лъик1, - ан Камиль ана.
Нуц1аги щула гьабун Мадина бусаде лъугьана.
Саг1ат  к1игоялда Саид щвана рокъове. Гьесда къват1ив унгеянги абун Мадина камильгун къват1ие яхъана. Чанги санг1атаб , ремонтги гьабураб квартира бугоан гьеб. Цох1о къайи жаниб лъуни г1ола! Гьениса  замана г1адада бичач1ого  «кваритираялда» рилъана. Гьениса къайиялъул тукаде рилъана ва машинаги кун лъабго багьа-багьаял холал, ункъо рукъ ц1ун т1амизе бегьулел халичаби , кьер-кьераб телевизор, газалъул печь «Гефест», к1игокамералъулаб холодильник, квализе сервизал, к1иго спальниялъул   ва цо богорукъалъул гарнитурал росана. Хут1араб рукъ г1унц1иялъе къвариг1унеб босизе Камилида т1ад къана. Къайигун унев Камилида жеги гьарана цо к1икъого соналъул г1адан рукъ бак1а-бахаризе къвариг1ун йигин газетаялда объявления къеян.
-Метер кида вач1ине колев, - ан ц1ехана  Камилица.
-Мунго вач1ине келаро, декабралда аукционалда кинал бак1ал ричулел ругелали лъани бокьилаан. Дида бич1ула дуе зах1мат бук1и киналдаго хадув г1унт1ун т1убазе, цодагьаб ях1 гьабе, мрц1рое къоазарго босе харж, разияв вугищ? Цинги хут1аралъухъги балагьун рихьила.
-Дир хабар гьеч1о, Мадина. Дуе бокьахъе гьабе.
-Баркала, Камиль. Мун гьеч1они квер бекун хут1ила дун. Гьале дуе г1арац, - ан Мадинаца абухъего къоазарго гъурущ бегьана гьесухъе, Камиль х1алт1улев вугелдаса анц1ила щуго къоцин ун гьеч1ониги.
-Моц1 инч1о… арабго босила, - баг1арлъун бахъана гьесул гьумер.
-Камиль, гьаб дуе х1алт1ухъ г1арац буго, моц1ал къваби нилъее щибизе?
-Баркала. Дун ина. – ян г1арац чвантиниб къазабуна Камилица.
-Сордо лъик1.
-Сордо лъик1.
Мадина жаний щварайго Халидица Франциялдаса духиялъул коробка ва берцинаб розабазул букет бегьана:
-Гьаб дуе, - ян нечон гьимулаго.
-Огь! Берцинлъи, баркала нужее, - ян иргадал вацазда къочана, - кин араб къо?
-Квеш инч1о. Радал ниж ун рук1араб квартира щиб?
-А. Гьудулалъул. Рпак1 рекъанищ?
-Багьаяб батила…
-Бук1инарищха. Кваназе жо гьабун лъик1.
-Г1анк1удал гьанал чурпа гьабун бук1ана. Йилъаха кваназе. – ян чед къот1изе лъугьана Саид.
Гьимулаго вацаздаса разилъиялъ Мадинаца халат рет1ана ва столалда нахъа г1одой ч1ун яхъиналдаго цо жо рак1алде щвейгун яхъун магнитафонал рук1араб сумкаялъуса бахъун цояб токалда ч1вана ва Фархадица  кьураб кассета лъуна.
-Мадина, гьеб бичулеб жойищ?
-Гуро, -  ян абулаго г1инт1амуна кассетаялъухъ. – Наидал Сиражтинил щиб  хабар бугеб?
-Лъаларо, рихьич1о, - ян абуна квен столалда лъолаго Саидица, - гьанир рач1унаро, дозухъ ун нижехъаги бажарич1о. Сиражтин тукен рагьун вугин раг1ана, гьезул иш квеш батиларо.
-Лъик1, Саид. Наида дояго х1алт1улей  ятила.
-Ятила, - ян сурк1абазухъ чурпа т1уна гьес.
Мадинаца яхъун ящикалъуса плиткаби, консервал, коптить гьабураб чуг1а, сосикаби къват1ире рахъана.
-Мадина, мун Ильгамгун шагьаралде гочунарей? Росулъ щиб гьабун нужее рак1 гъалеб? – ан гьикъана Халидица столалда нахъа г1одов ч1олаго.
-Дие росу бокьула, элъги батила кинго нахъе ун яхъун гьеч1ей.  Ильгамие х1алт1и кида гьаниб щвелеб?
-Цо чи вугоха довги, росулъ г1одолвк1ун т1убалищ гьеб. Бичас бичани ч1ужу ячун йигин жинцаян ватила.
-Халид, абуге гьедин. Г1умроялде кинабго бук1уна. Дурги Аидалги щиб бугеб?
-А. Жакъа гьадин, метер – додин.
-Ч1ужу ячине рак1алда гьеч1ищ?
-О! Сунда бахилъун гьей дие яч1иней?
-Дуда. Гьеб дагьаб жогуро. Элъул бат1аго ч1ух1изесеб бак1 щиб?
-Вацал руго бечедал чаг1и. Цох1о йигей Аида эбел-инсуца кьуниги вацаз дие кьелин коларо.
-Сундасан бечелъарал гьел?
-Жидерго банкал руго ункъазулгоги.
-А. Бич1ана. Эбел-эмен?
-Эмен камазалда х1алт1улев г1адан, эбел – юкъарухъан.
-Ц1аларав чи гьеч1оха гьезул, уйищ?
-Лъимал гурони гьеч1о.
-Бич1ана. Жакъасел миллионерал. Жийго Аидаца яч1инарин абизе бегьулищ?
-Жинцаго абиларо…голъие дун вокьула, бугониги г1умроялъ гьез вча-вачаралъув гали балев вук1инег1ан…
Бит1араб, щибав чиясул ч1ух1и бук1ине кола. Халид, Аидалгун гьаркъоблъи хвезабуге, къвариг1араб г1арац дица кьела.. Рокьи азаргоязла гьоркъоб цоясе щолеб жо буго, дуе гьей унгоги харияй ятани дица кумек гьабила дуе.
Халидица бет1ер къулизабуна щибниги абич1ого, ахирисеб заманалда т1аг1ун унеб бук1араб хьул ц1илъана гьесулъ. Аида йихьич1ого г1емерал къоял рук1ана, йихьулей кин  кафеялда ячине нусго гъурущ кисиниб ч1езабизе к1оларев чияс.
Саидица гъоркьанго берал реч1изарулел рук1ана гьезда ва божулев вук1инч1о Аида г1адинай яс Халидие ячинин Мадинацаян абураб жоялда. Цо костюмал ва куртка бугони г1олебдай…
-Рокъосез щибин абилеб?
-Зах1мат буго разилъилин божизе, - ян гьимана Халид.
-Щиб бук1аниги цо хъвараб жо батила, Саид, - ан гьимана плитка рагьулаго Мадина, ва кванан рахъинег1ан жиндирго ургъалабазда йик1ана.
Гъурщазде буссинабун Мадинахъ нусеялда лъабнусго миллион г1арац бук1ана. Гьелдаса жакъа квартираялъухъ хвараб к1иго миллион мъалъич1ого. Хут1аралъухъ щиб бук1аниги босизе кола, т1ок1аб санаг1атаб замана киса данде ч1валеб. Шагьаралда щиб биччулеб бугебали метер Камилидаса лъалаха. Пайдаяб баук1 босизе анищ. Минаялда  т1ад жеги щуго миллионниги ина, квартир къач1азеги къвариг1ина…цо  сахаб машина босизе анищ…вацазеги кумек гьабизе кола.
Нахъисел къоял Мадинал радал анкъгоялда ун къаси анц1гоялдехун т1ад юссун х1алт1уда ана. Камилица гостиничный комплекс «Лениниград» бичулеб бугин абигун кнабго к1очана гьелда. Аукцион ах1улеб бугин бук1аниги гьединаб бак1 балъго бичунеб бук1ана. Чанги г1адамгун лъай-хъвай гьабизе кана мадинаца арти-авал кодобе щвезег1ан «Ленинградалъул». Кинабго мух1кан гьаибч1ого гьоркъое къан пайда гьеч1еблъи лъимадаги лъаларищха. Шагьар хъирщун ватана ц1ар арав Рихард Шнейдер абулев бича-хисиялъул «аллагь» ва саламатаб  нусазарго гъурущ мехьгун куна гьев комплекс бичун босизелъун. Босун бажарани миллион премия  кьелин раг1и гьабуна Мадинаца гьесие. Шнейдерида жиндирго х1алт1и лъалаан. Къойидаса гьес комплекс нусеялда хадуб миллионалде бахине бегьулилан абуна. Ва щуго босизе бокьаразл к1огоязл гьединаб рес бугилан. Мадина сан-сандана, амма Шнейдерида ч1араб жо абич1о. Аукцион жубазеян, пятницаялда Шнейдерица цоги нухалъ рес ц1ехана Мадинада.
-Нусеялда анц1го, комплекс дир бук1инабе. Рихард Оттович, комплекс чияхъе бичаге. Аукционалде дунги йилъина… цеехъдизе бокьун бук1инч1о, бугониги.
-Бич1ана, - ян гьел залалде лъугьана.
Гьенир цин г1иси-бикъинал бак1ал ричулел ругоан. Ахиралда «Ленинград» бичизе байбихьигун рак1 гъеялъе ч1араб бащадаб зал хут1ана.. Т1оцебесеб багьа – к1икъоялда анкьго миллион ах1ана. Цинги дагь-дагь кун ункъогоялде щвейгун хут1изеги Шнейдерица абухъего к1игоял хут1ана, залада хъуй тун ралагьун ч1ана лъие щвелебали.
-Ункъоялде цо.
Лъабалго.
-Ункъоялда щуго.
Лъабалго.
-Ункъоялда анц1го.
Лъабалго.
-Нусго.
К1игоял.
-Нусеялда цо.
К1игоял.
-Нусеялда к1иго.
Кигоял.
-Нусеялда щуго.
Цоял.
-Нусеялда щуго.
Цоял.
Лъабабилеб , ахираб нухалъ:
-Нусеялда щуго. – ян ах1игун мадинал рух1 бак1арун лъуг1ун ана.
Цоял.
Шнейдер бергьана! Шнейдер! Баркала, херасе. Комплекс дир! Гьале дунги бечелъана…
-Нусеялда щуго миллионалда комплекс «Ленинград» бичана!
Залалда хъат ч1вай бахъана. Мадина Шнейдер къагътазул х1алт1иги т1уван вач1инег1ан машиналъухзъе йилъана.
-Щиб х1асил, - ан данде нуц1а рагьана Мадинада бер ч1вайгун Камилица.
-Босана, - ян лъач1ого рохалил маг1у чвахун ана Мадинахъа.
-Унго? Баркула, Мадина, фугь, дида бук1араб ургъел, - ан жаний яхъун ячуней г1олилалда баана Камилица. – Киг1ан араб?
-Нусеялда щуго миллион.
Камилица «г1емерлъиян» ишт1ун тана.
-Гьебгощинаб?!
-У. Камиль! «Ленинград» нилъер буго. Гостиница, ресторанал, кафе, автопарк – кинабго нилъер. Макьилъ ятила дун.
-Гьеч1о! Талих1ай Мадина. Баркула. Рокъорищ?
-Ч1а. Шнейдер вач1ине кола, документалги росун подписал гьаризе. Унго дидаса талих1ай йигодай Камиль, - ан елъана мадина Камилихъги ялагьун.
Т1аде гьимулаго документазул папкагун щвана Шнейдер.
-Баркула, баркула рак1-рак1алъ, Мадина. Гьале документал. Киназулго гъолбасалгьарун руго, джур хут1ун. Жакъаялдаса хадуй мун комплексалъул бет1ергьан ва президент кола. Газетаздаса ва телевидениялдаса дуда хадур рач1арал нахъе гьаруна. Жеги лъиданиги мун лъаларо. Щибизе? Метер директорзаби мун яч1иналъухъ балагьун рук1инин кола. – Гьаниб документазул лъабго экземпляр буго. Добе кьезе колеб бихье дихъе. Гьаб цоябги дицаго т1убала. Гьаб гъолбасун духъего те. Вореха ц1уне – нусеялда шуго миллион. Гьале г1арац кьураб квитанция.
-Баркала, Рихард Оттович, кумек к1оченаро. Гьале, дир раг1и холаро, - ян ункъазарго доллар бугеб конверт кьуна гьесухъе.
-Рохалида х1алт1изабулеб батаги, – ян гьимулаго чвантиниб лъуна херас гьеб.
-Т1обанго г1арац кида бец1изе колеб?
-Жакъа-метер, дица к1алъала.
-Гьедин бугони жеги рихьилин нилъ.
-Къомех лъик1, Мадина.
-Къомех лъик1, Рихард Оттович, – ан талих1го гьимулаго жиндирго машиналъухъе унев гьесухъ хадуй ялагьун хут1ана Мадина. – Камиль, рилъа г1арцуда хадур. Квартираялъе.
Гьениса г1арацги босун цо Рихард Оттовичас боржел бугин абураб банкалде ун гьениб счеталда лъуна курсалда рекъон ункънусиялда къоазарго доллар. Къвариг1елелъуб квал-квал гьеч1ого бит1изе х1адур бук1ине.
-Гьанже кире, Мадина?
-«Аудиталде», - ян абуна Мадинаца.
Гьенив  куна лъик1ав аудитор ва  жинца к1алъараб къоялъ комплексалъул аудит гьабизе вач1аян
Ильгамида т1ад  юссинин абураб заманалде щвезег1ан жеги къоял рук1ана. Бицинадай гьесда ва г1агаразда, яги бицинародай йиуней йик1ана суалаз Мадина. Гьанже кинабго циндаго г1умродулъ хисулеб мехалъ – щаклъи гьеч1о цебе бук1араб рук1а-рахъин гьанже т1убалареблъи. Сардазул халалъи – рек1еда балъголъи бугони…
Радал вач1арав Камильгун берцинго рет1а-къан комлексалде йилъана. Ич1го т1убалелъуб гостиницаялъул к1иабилеб этажалда яхана даран сородилеб къркъалагун Мадина. Гьениб президентасул кабинеталъул приемниялда киналго щуялго директорзаби гьелъухъ ралагьун ч1ун ругоан. Цоцае гьимулаго саламги кьун Мадина кабинеталъуе т1ерхьана. Ва заман бахъиналде цо-цо кун лъай-хъваялъе секретаралъ директорзаби жанире ричан рач1ана. Дагь-дагь кун г1одое юссана Мадина, х1инкъун йик1и бихьиларедухъ х1ухьел г1адлуялде буссинабуна, гьаб х1ал нек1о бук1инч1о гури, киса гьаб рак1 къабулеб рух1 дагьльулеб асар т1аде бач1араб. Директорзабазул отчетазухъ г1инт1амун йик1аго  т1аде щвана аудиторги.
-Ворч1ами, гьалмагъзаби.
-Ворч1ами, - ян кверал росана цо-цал киназго.
-Г1одов ч1а, Ражаб Имамович. Щиб мурад?
-Г1едег1ун гьеч1о, - ян тамахго кверги гьабун мадинада аск1овго г1одов ч1ана гьев.
-Гьедин батани дица директорзабигун къвариг1ел т1убала. Жакъа т1ок1аб дир нужеда абизе жо гьеч1о. Къвариг1ел бугони рач1ине бегьила. Дие къвариг1ани секретаралдаса ах1ила. Нужее къомех лъик1.
-Къомех лъик1, - ан рахъун ана г1едег1илаго гьел.
Чаналиго секундалъ хадуй ялагьун хут1ана Мадина гьезда. «Восточный» рестораналъул директор ц1акъ рек1ее г1еч1о гьелъие. Гьединго рек1екъго валагьун вук1ана мах1го бахчич1ого гьевги. Цогидазухъ балагьун рихьила, амма  Махмуд Сулеймановичасул х1алт1ул бажарилин коларо. Гьединаб «кьури»  шуризабун дихъаги бажариларо…
Секретарь якана  приемниялда г1адамал рач1ун ругин лъай-хъвай гьабизеян. Комплексалъул ва т1аде росарал бак1азул директорзаби.
Т1оцеве конфетазул ва т1угьдузул квац1игун жанив вач1ана «Бригалъул» г1олохъанавго директор:
-Рафик Загидович.
-Йохарай йиго, Рафик Загидович. Баркала т1угьдузухъ. Х1алт1улаб хиял кинан бугеб? - ян тамахго гьимана намуслъун лъугьарав г1олиласе.
Президент кинго г1ел бащадай яс ятилин вук1инч1ев къаг1ида, гьев лъалаго вихун лъугьун вугоан.
-Квеш гьеч1о, Мадина Алиевна.
-Киг1ан замана бугеб «Бригалда» х1алт1улев?
-К1иабилеб сон. Дица кулинарный институт лъуг1ун бук1ана кидалиго…
-Ц1акъ лъик1. Метералдаса кафеялъул къокъабго отчет х1адуре: налъи, лъаг1алил х1асил, харжазул статьяби, штатазул расписание, поставщиказул списокал.
-Гьабила. Метер вач1ина босун…
Мадина жиндарго расписаниялъухъ якана блокнонталде:
-Метер ункъоялде.
-Бич1ана, - ян абуна ана г1одов цин ч1езе эс гьабич1ев Рафикица.
Гьесда хадуб нуц1а къан бахъилелде секретаралъ «Соломоналъул»  директор вачун вач1ана:
- Мурад Гафизович. Кафе «Соломон». Директор.
-Ворч1ами, Мурад Гафизович. Дун – Мадина Алиевна, комплексалъул президент.
-Баркула, Мадина Алиевна, президентлъи, - ян Мадинадаса бер босуларого, живго берцин х1алалда вихьилардаян кашпишазда,  бегьана гьес т1угьдузул квац1и Ч1ужуг1аданалъухъе.
 Г1айиб гурищ кинго Мадинахъе нух "балагьизе" къеркъарданиги гьесие битй кеч1ого. Ц1ха-ц1ехереас  берал зодоре руссинарулул рук1ана: бечелъи гьединаб сайигъат! Гьеч1езда цодагьабги лъик1 лъала бечелъи щиб жояли гьаб дунивалалда.



(жеги бук1ина...)


Рецензии
Оказывается, на аварском очень много слов похожих на слова татарские. Я даже понял, что Мадина .была замужем в Стамбуле. Макка и Мадина. У нас были соседки с такими именами. В Вашем произведении есть и моё имя Илhам. :)
С наилучшими пожеланиями Илhaм Яhудин.

Ильхам Ягудин   08.08.2019 22:53     Заявить о нарушении
На это произведение написано 20 рецензий, здесь отображается последняя, остальные - в полном списке.