Чачаназул президент, Россиялъул герой-бах1арчи Рам

   Чачаназул президент,Россиялъул герой-бах1арчи Рамзан Кадировасе сайигъат гьабула.               
     Т1арикъат ва х1акъикъат
     Суфий Юсуф Хажи Г1абдуразакъов
     Унсоколо, Иргьани, Дагъистан.
     Г1адамазул рет1ел рет1арал бац1аз, г1иял рехъабазе вехьлъи гьабуге - 2012с.
Ц1адал ран иххазде сверула, иххал г1оразде сверула, г1орал ралъдалъе руссуна.
Цояб хъат1икь бакъ ккун, цоялъухъ кан ккун жанив лъугьаниги жагьлудул бец1лъи.
« Цоялъ х1анч1араб жо, цоялъ кваналеб, цаги г1усги г1адаб жо г1елмугин, г1акълу. Цоялъе цояб чара гьеч1ого къвариг1унеб» (Г1алих1ажи Инхо р.г1.).Исламалда жаниб чан рикьалаби ратаниги, жал рац1ц1адал гьел, Т1адег1анав Хирияв Аллагьасде руссуна. Исламалда жанирги чан рац1ц1адал рикьалаби ратаниги, жал рац1ц1адал гьезул т1ок1к1ел, бищун бац1адаб цо нух ккана - Т1арикъат. «Алх1амдулиЛлагь». Исламалъул рикьалабаздасан цо нух - т1арикъат ккана киназего г1аммаб, киназдаго т1адаб, хасал г1адамаца ккураб, исламалъул меседил мали устарас жиб ч1валеб, муъминзаби рахине, харизе Аллагь лъаялде, Аллагьасулгин гьоркьоблъиялде щвеялъе «Алх1амдулиллагь».
 Дица байбихьула Т1адег1анав, Хирияв Аллагьасул ц1аралдалъун, Аллагьасе г1оло, Аллагьасул изноялдалъун, макьида бицине изно щвараб.
Г1акълу, г1адат бихарал х1икматал рициналда Алх1амдулиллагьи раббил г1алламин вассалату ва саламу г1ала Мух1аммадин ва г1ала Алигьи ва Асх1абигьи Ажмаг1ин, Амин.
Дица гьаб дунялалъул г1акълу, г1адат х1исабалда данде кколарел г1акълу г1адат биххарал, х1икматал лъугьа-бахъинал   хадур рицунел сайигъат гьарула, т1адег1анав хирияв Аллагьасдасан макьида бицине изну щвараб исламиял дунялалъулго гlун рачlунел г1елазухъе щвезабизелъун, исламиял г1елазе, гьединго дие баян гьабуна, кин къабул гьабизе бугеялиги биценазул багьа къиматги, ва амма, дица гьал лъугьа бахъинал, биценал хисуларо. Аллагьас абурал багьа къиматалъухъ живго т1адег1анав хирияв Аллагьасул гурх1ел рах1му - ц1обалъухъ гурони. ИншаАллагь.
Гьединго сайигъат гьабула т1адег1анав хирияв Аллагь жиндаса разилъаяв, жиндир даражаби г1емер гьареяв, рорхизареяв,  исламалъул байрахъулав, марк1ач1ул ц1ваян жинда абулев вук1арав, Аллагь жиндир умумузда, агьлуялда даимго гурх1аяв, Дагъистан гlелму тlарикъаталдалъун т1егьазабурав Г1абдурах1ман х1ажияв Сугъуриясдасан рач1арал   Аварагасул (с.т1.г1.в.) ирсилал, Аллагьасул хириял   авлияал, камилал устарзабазда нахъа рилълъарал, жодор диналъулъ рац1ц1адал муъминзабазе, хирияб къуръаналъул шарг1иял вирдал ккурал, къуръаналдаса хирияб цойги жо гьеч1олъиялда цадахъго. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьас абун буго дур мац1- мунго ч1валев гъалбац1ан, дунго мац1алъ ч1ваниги, дица Аллагьасе г1оло мац1 ц1унила, х1акъаб раг1и абиялда, бит1араб бициналда т1ад ч1ей гьабун,  иншаАллагь.
Т1адег1анав Аллагьас бицине изну кьураб г1адин, дир гьаб биценал ц1унайги   диналъул мошенниказул, рек1ел нипакъалъул унтабаздаса   гьаб х1абургъараб заманаялъ. Т1адег1анав Аллагьас ножоеги квер бакъайги бат1улаб тезе,   х1акъаб кквезеги, гьебги муъминчиясул сифатаздаса кканин,   г1акъилал г1адамазул г1адатаздаса кканин,  дир гьал биценазулъ нуж данде ч1вала ножода раг1ич1ел  х1икматазда. Дица гьабун тана гьит1инаб компас. Киданиги мекъи кколареб, дица гьабун тана гьит1инаб гама киданиги холареб, биххулареб, океаналда жиб гъанкъулареб, живго т1адег1анав Аллагьасдалъун гурони, ИншаАллагь
Дица гьабун тана гьит1инаб гама, жиндалъун гурони дин лъугьунареб, камиллъулареб. Дица гьабун тана гьит1инаб гама, Аллагьасе г1оло, Аллагьасул диналъе квер бакъиялъе, х1акъабги, бат1улабги бат1а бахъизе лъазе бокьарасе. Дица гьабун тана гьит1инаб гама, маг1на к1удияб, сифатал г1емераб. (Сафаралде рахъиналде нилъеца бац1ц1ина нух) нилъеца раг1уца лъукъила рак1ал, к1игьумерчаг1азул дин г1одобег1ан, х1акъир гьабизе бокьарал хиянатчаг1азул, пасикъзабазул,мунапикъзабазул. Диргун гьалмагълъи гьабуни, нилъ кинго релълъинаро к1иго бецав чиясда, цин гвандинире кколел, цин къеда бет1ер ч1валезда. Нилъ гъоркье рехиларо диналъул мошенниказ, аттеистаз, илбис-шайт1ан кьог1аб хвалица.ИншаАллагь.
Аби буго чияр бадиб унеб х1отол г1уч1 бихьулилан, жиндирго бадиб унеб ч1ало бихьуларилан - гьединаллъунги нилъ рук1инарин киналго лъалев хирияв Аллагьасда гьоркь. Жинда лъалареб жоялдалъун, жинда вугищ гьеч1ищали лъаларев Аллагьасе, кин батаниги лагълъи гьаби, динияб г1елму г1акълуялъ биччаларо, лъалареб жоялъ  лъалеб жо гьабуларо, т1адал жалги лъач1они, лъан г1орхъаби, адабалги ц1унич1они, чара гьеч1ого ккола дин мекъиги, х1акъир гьабиялъул х1акъикьегун балагьалъулъ. Т1адег1анав Аллагьас г1акълу лъай кьурав чиясе лъалароялъ бигьалъи гьабуларо,хвасарлъи щвеларо, бигьалъи хвасарлъи щвела Аллагьас г1акълу лъай кьеч1ел г1адамазе,  гъединазда дин т1ад лъуларо, балугъал г1акъилазда гурони. Г1акълуялъул бет1ергьанав бусурманав чиясда т1адаблъун гьабун буго жив хиралъиялъе сабаблъун ккараб г1акълуялдасан пайда босун, жинда т1адаблъун гьабун бугеб х1алалъ дин лъазабизе, х1акъабги бат1улабги лъазабизе.
Мошенниказ диналъул, гьединго атеистаз, иблис-шайт1аналъ бокьоб гъун къват1иб бачун бук1унеб х1айваналда релъун ч1еч1ого, данде ч1вала шагьадат бит1изе лъаларелги, маг1на-г1ин лъаларелги, иман исламалъул рукнаби лъаларелги, цогидалги т1адал жал лъаларелги, дин чаг1и гьебго заманаялъ пасатал х1арамал г1амалазда хьвадулел к1игьумерчаг1и пасикъзаби. Дидаги лъаларо гьединал г1адамаца кинав Аллагьасе лагълъи гьабулеяли, жалго рук1иналда цадахъго, илбисалъул диналда пасатал  г1амалазул лагъзал. Кквезе чи т1аг1арал, гурх1изе ккарал гъаримал. Иман, ислам, сунатал адабазул бет1ер кола, маг1наги лъан, щакдари, вас-васал тун рак1 рак1алъ шагьадат бит1и. Маг1наги лъан, щакдари, вас-васал тун рак1алъ шагьадат бит1аралдаса гурони иман, ислам, сунатал къабул гьаруларин. Цогидаб заманаялъ шагьадат бит1и хириял сунатаздаса ккола. Шагьадат маг1нагин: «Ашгьаду»-дица рак1ч1ун лъан нуг1лъи гьабула, «ан лаиЛлагьа иллаЛлагьу» -х1акълъунго жиндие лагълъи гьабизе ккун лагълъи гьабизе шибго жо батун гьеч1оян, вати т1адав х1акъав хирияв цо Аллагь гурониян, киналго мукъсанал сифатаздаса вац1ц1адав г1аламалъул гъуюблъун жив вугев, «Ва ашгьаду»-нахъеги рак1 ч1ун лъан нуг1лъи гьабула, «Анна Мух1аммада расулуЛлагьи таг1ала»- Мух1аммадги г1.с.т1адег1анав аллагьасул хирияв расул,чапар вугилан Аллагьас халкъалде вит1арав бит1араб нухалда т1орит1изе, бит1араб бац1ц1адаб диналда Аллагь цо гьавиялде axlизе, т1адег1анав Аллагь гурх1аял Г1абдулагьилги Аминатилги вас Маккаялда гьавурав,Мадинаялда вукъарав къурайшияб тухумалъул, гьашимияб кьибилалъул, т1адег1анав Аллагьас свалат салам жинда лъеяв Мух1аммад г1. с. Аллагьас жиндие гьабураб къот1и т1убаяв Мух1аммад. Щибав муъминчиясул рек1ел ч1ух1и Мух1аммад г1.с. Щибав муъминчиясул мугъ ч1валев къот1и Мух1аммад гl.c. Жиндихъ ккараб рокьиялъ дун ч1аго вух1аяв Х1абиб, жив вокьун  хьвадарасе алжанал насиблъулев,Аллагьасул рах1матал алжаназда кверщел батулев. Жив гьереси гьавурав Аллагьас илбис кинниги рах1матал алжаназдаса вачахъулев. Альх1амдулиллагь. Иманги ккола ункъу бат1ияб. Малаикзабазулги, Аварагзабазулги иман ккола Аллагьас мугьру-печать ч1ван хисизаби хвезаби т1аса иналдаса ц1унарал муъминзабазул иман кола, Аллагьас ц1унич1еб, хисардулеб, т1аса унеб, ункъабилеб иман ккола капурзабазул, Аллагь тун, Аллагьлъун цогидал жал жодоца ккурал. Иманалъулги ккола анлъго рукну, ай анлъго жоялдасан данде гьабураб: «Аманту»- дун божула, «биЛлагьи»- Аллагьасда, «ва малаикатигьи»- малаикзабазда, «ва кутубигьи»- Аллагьасул каламазда, т1ахьазда, «ва русулигьи»-Аварагзабазда, «валь явмил ахири»-ахир къиямасеб къо ч1еялда, «вабил къадари»- Аллагьасул къадаралда, «хайригьи ва шайригьи»- лъик1аб бук1а ва квешаб бук1а, «миннаЛлагьи таг1ала»- кинабго лъугьа бахъунеб Аллагьасдасан, Аллагьасда лъан бук1иналда. Альх1амдулиллагь.
«Т1адег1анав Аллагьасда иман лъей божи».
Т1адег1анав хирияв Аллагьги ватана жиндир ватиялъе авал гьеч1евлъун. Т1адег1анав Аллагьги хут1ана жиндир ватиялъе Ахир гьеч1евлъун, жив холарев, т1аса унаревлъун, даимго цо х1алалда жив вук1уневлъун, жинда кинабго бихьулев, раг1улев, лъалев, жиндие бокьиялда цадахъго, бокьаралъе х1ал к1олев, жиндир сифат гьабун бажаруларев, жив киналго мукъсанал сифатаздаса вац1ц1адав, жив релълъарав, жинда релълъарав гьеч1ев, жив заманаялъе, замана жиндие хисуларев, жив ч1арав бак1, рахъ гьеч1ев. Ахираталда муъминзабаздаги вихьулев, к1алъалев, лъица, лъие, сунде гьарурал реццал  жинда руссунев, т1адег1анав хирияв Аллагь. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьасул хириял лагъзал, малаикзаби Аллагьасул амруялдаса цо лах1заталъ кьуруларел, кваналарел, гьекъоларел, бихьинлъи ц1улъи гьеч1ел, хвезарулел, хун ч1аго гьарулел, жодор иман Аллагьас мугьру  ч1ван хисизаби, хвезаби т1аса иналдаса ц1унарал. Альх1амдулилагь.
«Т1адег1анав Аллагьасул каламал, т1ахьазда иман лъей, божи».
Т1адег1анав Аллагьасул хириял каламал, т1ахьал жал церегосел рижарал гурел, Аллагьас Аварагзабазда рещт1ана вах1юлъун, Жабраг1ил г1алайгьи салам, Малаик гьавун Аварагзаби Аллагьасул русулал чапарзаби рук1иналъе нуг1лъи гьабун умматазе кинабго баян гьабун. Ахирияб хирияб Къуръан Мух1аммадида г1.с рещт1ана дунял Ахираталъул бицун, Аварагзабазул лъугьа бахъинал, къисаби баян гьарун рицун, шарг1иял г1елмаби бат1и бат1иял кант1изариял рицун, алжан-жужах1азул баянал рицун, капурзабазе жужах1аздалъун х1инкъи кьун, муъминзабазе алжаназдалъун рохел бицун. Жинцаго абухъе, рехсеч1еб жого жиндаго жаниб тун гьеч1ониги, цоялъ цояб ч1валеб калам жинда жаниб гьеч1еб. Т1адег1анав Аллагьас къиямасеб къо ч1езег1ан хисизаби, хвезабиялдаса ц1унун, живго гъоркье ч1ун къот1и жинда жаниб гьабун бугеб, жиб рещт1аралдаса цо раг1и жиндир хисизабизе к1веч1еб, жиб рещт1аралдаса нахъе цо х1алалда жинца бергьенлъи босараб, къиямасеб къо ч1езег1анги жинца бергьенлъи босизе бугеб, кинабго заманалда жиндир тушбабазул ц1ун дуниял бугониги, жиб инсанасул калам батани, гьабейилан дагьабниги цо сурат г1анасебниги жинда релълъараб калам, г1адамалги, жундулги къецалде ах1ун ругеб хирияб Къуръан, гьедин абизе рес бугищ Аллагь тун цогияс, цоялдаса цояв гьунар т1ок1ав камулареб дунялалда.
Къуръан х1адисал тун, даг1ба х1укму къот1изе къанун законазда ине х1арамаб кола, Къуръан х1адисаздалъун гьабураб къот1араб х1укмуялдаги разилъизе кола, жанисанги т1асанги  бащадго киг1ан к1удияб зарал кканиги, гьедин разилъич1они гьев муъминчи кколаро. Къуръан ц1али хириял сунатаздаса ккола. Къуръан ц1алич1они г1азаб кьоларо, Къуръаналъ абураб гьабич1они г1азаб кьола ахираталда.
Къуръан х1адисазул цо раг1и гьереси гьабунани къосуна. Къуръан х1адисазул маг1на имамзабаца, гьарурал тафсиразда балагьич1ого мекъи гьабунани къосуна. Къуръан х1адисал къанун законалда рекъезабунани   къосуна, Къуръан х1адисаз х1алал гьабураб х1арам гьабунани къосуна, Къуръан х1адисаз х1арам гьабураб х1алал гьабунани къосуна, хирияб Къуръан х1адисазулъ ккола к1удияб берцинлъи х1икматал рах1матал, рит1ухълъи, рекъел, маслих1ат парахалъи дунял ахираталъе. Альх1амдулилагь.
«Т1адег1анав Аллагьасул Аварагзабазда иман лъей,боржи».
Т1адег1анав Аллагьас жиндирго хириял лагъзал, Аварагзаби рит1ана халкъазде русулал чапарзабилъун халкъазда гьоркьоса г1адамаздаса, киналго рахъаз т1ок1ал бит1араб нухалда т1орит1изе, бит1араб бац1ц1адаб диналде, Аллагь цо гьавиялде ах1изе. Жодор иманги Аллагьас мугьру нигат ч1ван хисизаби, хвезаби т1аса иналдаса ц1унарал Аварагзабазул мунагь кканани, шарг1 динлъун хут1улелъул. Аварагзабазул мунагь кканилан абиги, Аварагзабазда бугьтан лъей къосеналдасан ккана, мац1ал ц1уне. Аварагзабазул ахирияв ккола Мух1аммад гl.c., Авараглъи кьун, Къуръан босун вах1юлъун Жабраг1ил малаик рещт1инег1ан. Аллагьас Мух1аммад г1.с., т1овит1ана бит1араб нухалда, ц1унана пасатал г1амалаздаса. Мух1аммадие г1.с лъай кьуна рек1елъе рехун ильгьам гьабун, гьединго макьидалъун, Мух1аммад г1.с., киналго рахъаз вац1ц1адав, вит1арав, гьабураб къот1и холарев вук1иналъ, Маккаялъул агьлуялъ Аминан абураб ц1арги рек1инабун, ай божарав Мух1аммад Аминан.
Мух1аммадидаса г1.с. хадув цойги Авараг вахъине гьеч1о. Аллагьас зодов вачун арав Г1иса гl.c. рещт1ина къиямасеб къо ч1елалде цебе гьесул заманаялъ ккарал г1адамазе рес щвела к1иабизе Г1иса гl.c. гьереси гьавиялъе ИншаАллагь, Аварагзабаздаса. Аллагьас рещт1арал т1ахьазда баянго абун бук1ана т1аде рахъарал Аварагзабазда нахъ рилълъаян.
Гьел т1ахьал заманаялъ рещт1арал; Къуръан г1адин Аллагьас ц1унарал рук1инч1олъиялъ, Аварагзабазул г1алимзабаца жодорго мурадазе г1оло т1ахьалги диналги хиса басиял гьарун хвезаруна. Т1аде рахъарал Аварагзабиги гьереси гьаруна, гьезда нахъги рилълъинч1о, гьелги къосана  жугьут1ал, христианал г1адин. Аллагьас халкъазде рит1арал аварагзабазул къадар Аллагьасда лъала, нилъеда т1адаблъун ккана Къуръаналда рехсарал лъазаризе. Аварагзабазул цонигияв гьереси гьавунани, къосуна жугьут1ал христианал киннигин. Альх1амдулилагь.
Т1адег1анав Аллагьас къиямасеб къо ч1езабиялда иман лъей божи. Т1адег1анав Аллагьас ц1араб заманалъул г1орхъоде щведал къиямасеб къо ч1езабила. Къиямасеб къо ч1еялъул сифатал Къуръан х1адисаз рицун руго.
Дунял хут1ила бух1араб,ч1унтараб,ч1ваданалда релъун, ракьалда т1ад кинаб бугониги ч1аголъи хут1иларо. Аллагьас сират1, мизан, х1исаб, суалал ч1езабила хварал ч1аго гьарила.Хlутl-хъумур,хlайван паналъахъе хутlила. Малаикзаби, г1адамал, жундул, щайт1аби гьелги жодо-жодор г1амалал рихьун, Алжан-жужах1азде руссинарила. Гьел алжаназдаги муъминзабазе бук1инаро метерисеб къоялъул ургъел, х1инкъи, х1алт1и, дин гьаби, балагьал, унта-щокълъи, херлъи, к1иабилеб кьуг1аб хвел. Т1адег1анав Аллагьас жиндир х1ал к1вей бихьизабун ч1езарурал жал х1икматал ниг1матаздаса пайда боси гуреяб. Алх1амдулилагь.
Т1адег1анав Аллагьасул къадаралда иман лъей божи. Т1адег1анав Аллагьасул къадарги, лагьзадерил г1амалги цадахъ хьвадулила гьедин гьеч1****и Аварагзаби рит1иги, Аварагзабазда т1ахьал решт1инги г1ададе хвараблъун бук1инаанила. Т1адег1анав Аллагьас цебехун лъан, азалалда гьеб хъвана.
Т1адег1анав Аллагьасухъ хут1ана бокьаралдалъун х1укму гьабизе ихтияр, т1адег1анав Аллагьасухъ хут1ана ризкъи кьей, хвалда релълъарал къадарал.
Лагъасухъ хут1ана ихтияр лъик1ал г1амалал гьаризеги, квешал гьаризеги, гьарич1ого тезеги. Аллагьас хъван бугоян х1арамал жал гьариги, Аллагьасда бугьтан лъей, къосеналдаса кколила. Къадаралъул г1елмуги балъгояб, бат1инияблъун ккана, хут1ана. Къадаралда т1асанги хабарги мац1ги ц1уне. Дирго мац1алъ дунго ч1вай г1акъилас биччаларо, халикъасде г1айиб рехун г1абидги ворч1уларо. Алх1амдулилагь.
Бусурманчиясда чара гьеч1ого лъазе ккола шагьадат бит1иги гьелъул маг1наги. Иман Исламалъул рукнаби, цогидалги диналъул т1адал жал, дин гьабулеб къаг1ида, замана, г1орхъаби, гьарулел г1амалазул сифатал, маг1на, адабал. Бусурман чиясул мац1алдаги, рак1алдаги бащадго бук1ине ккола камилаб иман, жиб хиса-басизе, хвезе, т1аса инабулареб, боц1и балагьаз мошенниказ, атеистаз,илбис, шайт1ан, кьуг1аб хвалица.
Бусурман чиясул мац1, рак1, гьарулел г1амалал рук1ине ккола бащадго, рац1ц1адго, рит1ухълъиялда, ай, мац1алъ цо бицун, рак1алда бат1ияб ккун гьарулел г1амалал г1акса гьариялдаса ц1унун. Гьел ращадго ц1унич1они муъминчи кколаро, гьев ккола к1игьумерчи,пасикъ.
Бусурман чиясул чорхолъ чара гьеч1ого рук1ине ккола камилаб иман, такъва Аллагьасдаса адабаздалъун, х1инкъи мунагьаздалъун гуреб Их1сан  Аллагь вихьулев г1адин адабазда дин гьаби, Аллагьасде таваккал т1ами. Сабру, гурх1ел-ц1об, сахаватлъи, загьидлъи, нич, ях1-намус, гьарулел г1амалазулъ ващалъи, вац1ц1алъи, рит1ухълъи адабал, гьел сифатал гьеч1они, дин лъугьунаро, камиллъуларо, гьел сифатал гьеч1ев чияс пасатал, х1арамал, г1амалал толаро,  г1адамал пасатго хьвадиялъе г1иллаги гьел сифатал чорхолъ гьеч1олъи ккола.
Бусурманчиясда гьарич1ого тезе ккани, чара гьеч1ого лъазе ккола караг1атал, какарал какарал жал, г1исиналги, ч1ах1иялги мунагьал, капурлъулел ширкалда кколел, Аллагь т1аса лъугьунарел бак1ал. Бусурманчи чара гьеч1ого ч1езе ккола х1алалалъулги, х1арамалъулги, бегьулелъулги, бегьуларелъулги г1орхъода, адабазда. Бусурман чияс киналго лугбуца, ай, бераца, г1ундуз, к1ал-рак1алъ, квераца, х1ат1аца, г1авраталъ, къуръан х1адисазда борцун, асх1абзабазда, имамзабазда нахъ рилълъарал, г1уламаал, г1алимзабазда нахъ рилълъун, г1елму ц1алун, гьикъун. Гьел г1орхъаби рахаразда абула динияб мац1алда капурзаби, мунафикъзаби, пасикъзабиян. Аллагьасдаги божулев, аварагасдаги нахъ вилълъунев, гьебго заманаялъ х1арамал г1амалазда хьвадулев пасикъасда т1адаблъун гьабун буго камилаб тавбоги гьабун, даимго рик1к1алъизе пасатал, х1арамал г1амалаздаса. Тавбу гьабила, чияр бикъа-хъамараб, ккураб т1ад буссинабила. Т1аса лъугьинарила, къот1изе бихьизабураб квералъул х1укму Аллагьасде т1амила, жиндалъун балагь-къварилъиялде ккарал цогидалги т1аса лъугьинарила, каки чуриялда, бац1ц1адаб бак1алда Аллагьасда цере ч1ела, лъабго нухалъ шагьадат бит1ила, нусго нухалъ астагъфируЛлагь абила, кинабго лъалев Аллагьасе, ккарал мунагьазе мук1урлъун, т1аса лъугьин гьарила, Аллагьасе къот1и гьабила хадубккун мунагьал гьарич1ого тезе. Гьабураб къот1и хвезабиларо, х1акъаб ккола Аллагьас къабул гьабунани  Аллагьасдасан жаваб щвей, черхалъе загьирлъи. ИншаАллагь.
Данде ч1вала жал эбел инсуца гьабулеб батараб гьабулел ругилан, жодор диналъул ургъел, к1вар гьеч1олъи эбел инсуда рехун т1убалел, гьелги кьварун ракъварал жагьилзаби рук1иналда цадахъго, гьел т1убанго капурал ратаралани, турараб кун г1адаб куфро ккун, хут1илаан гури.
Гьединго Аллагьас кинабго рекъезабилаян,  нилъеца гьабулеб жо, г1уж- куц бугилан, жодор диналъул ургъел гьеч1олъи рехулел. Дин лъазабизе т1адаблъун гьабун бук1иналда цадахъго, капур чияс дуда гьикъани дур диналдасан дуда лъач1они жаваб кьезе, капурчияс дудаги абила дидаги дудаги гьоркьоб киг1анасеб бат1алъи кколебилан, кинниги, мун т1ок1авлъун кколилан, дудаго лъаларел гъин бихьи тун бат1иял хайир гьеч1ел г1амалал гьариялдалъунан.
Дуда гьикъанани мун бусурбанчийищан, дуца абила кинавго чиясул к1алдиб ругьунаб Альх1амдулиЛлагьан, гьеб релълъуна гьумер бахчизе ккураб маскаялда, дин гьелда къокълъуларо. Гьединал пикру гьеч1ел, жодор диналъул ургъел к1вар гьеч1ел г1адамазул рак1азе к1удияб парахалъи, рах1ат ккола гьаб дунялалъулъ, гьел рук1уна ургъел гьеч1олъиялъул, цояб г1ин гъоркье, цояб г1ин т1аде т1амун жагьиллъиялъул раг1дукь пенхедилел, балагь къварилъабаца, кьуг1аб хвалица къвал базег1ан. Дица тедал дунги тана ва Аман хвелалъул кьог1лъи.
Исаламалъул ккола щуго рукну, щуго жоялдасан данде гьабураб
Шагьадаталъул бицана,ана.
Т1адег1анав хирияв Аллагьас т1ад лъураб Къуръаналда бихьизабураб х1алалъ г1ужда щуябго как байги ккола, иман исламалъул рукнабиги лъазарун какда хурхараб жиндирго г1елму т1адал жалги лъазарун. Как диналъул х1убилъун рик1к1ун буго, как тезе изну кьун гьеч1о г1акълуялда холаго хвалил бусада, гъазаваталъул рагъдаги.
Хасго какий ният гьабулаго камил гьабила илбисалда бахине к1олареб сангаралда релълъун бук1ине. Хасго: «Ияка»- живго дуе Аллагь, нижеца лагълъи гьабула, «Наг1буду, Ва Ияка»- живго дудасан Аллагь, «настаг1ина»- нижеца квер бакъиги т1алаб гьабулаян абулаго, Аллагь тун бат1ияб жо пикрудалъ рек1елъе биччаларо, щиб жо гьеб бак1алда рак1алда бугониги, гьелъий лагълъи гьабулевлъун вук1ина, гьелда абула Аллагь т1аса лъугьунарев ширкила, ширкалда кколел капурлъулел бак1ал г1емерал руго. Аварагас г1.с. абун буго бищун дун х1инкъулев жо умматалда ширкги, рияъгиян, гьезул гьебги г1емераб бук1инаян рияъ, рихьдае жал гьари гьит1инаб ширкалдасан рик1к1ун буго. Т1адег1анав Аллагьас т1адлъураб, Къуръаналда бихьизабураб х1алалъ закаг1ат caxl бахъиги ккола жиндалъун бет1ер бахъи гьабулеб щиналдаса х1алалаб бац1ц1адаб боц1удаса лъаг1алие цо нухалъ закаг1ат бахъизе, г1ураб къадаралдаса закаг1ат бахъизе бихьизабураб къадар.
Руго г1адамал закаг1ат бахъизе бет1ер бахъи бугел, амма жагьиллъиялъ, бахиллъиялъ, исламалъ боц1уде квер бегьулаго, жал исламалдаса лъутулел, гьелда релълъуна гьезул иманги-динги, гьарулел г1амалалги.
Руго цойги г1адамал,гьездаго релълъарал,кагъат г1арацалдаса закаг1ат бахъизе кколарилан харбал рицунел, гьелдаса бахъизе кколарилан Къуръан х1адисазда бугодай?
Инсанас санаг1алъи бигьалъиялъе металл бихулеб г1арацалъул бак1алда ургъун буго кагъат г1арац, гьелъ туризег1ан, бух1изег1ан, хисизег1ан хисун бичун босула меседги, бихьулеб г1арацги жиндалъун бет1ер бахъи гьабулебщинабги, гьединлъидал,  бахиллъиялъ исламалдаса лъутич1ого, т1адаблъун ккола  г1араб улкабаздаго г1адин закаг1ат бахъизе.
Закаг1ат щолел микьго бат1иял г1адамал рехсон руго. Капурчиясе кьезе бихьизабун гьеч1о. Аллагьас абун буго мун гypxla,  дуда гурх1илаян. Гурх1ел ц1об т1аг1арасулги бак1го хут1улищ, Аллагьасул гурх1ел ц1обалда хьул лъезе. Аварагас г1.с. бицун буго: «бахилав, хъант1арав, т1абиг1ат квешав чи, Алжаналде лъугьунароян». Бахилав, хъант1арав чиясдаги рекъеладай чияр сахаватлъиялдасан пайда боси. Г1адамазе вокьуларо бахилав, хъант1арав т1абиг1ат квешав чи. Аллагьасе вокьуларев чи, Аллагьасул Алжаназде кинаб рагьухъан лъугьине вугев? Г1адамазе бокьула т1ад ккураб квер.
Аллагьасе бокьула т1ад ккураб, сахаватаб квер Ибрагьимилалда г1.с. Мух1аммадилалда г1.с. жал релълъарал. Лъиего балъгояб жо гуро бахиллъи хъант1иялъ, т1абиг1ат квешлъиялъ, г1адан вачуна г1адамазул гьоркьоблъи хвезабиялде, гьереси-ц1огьалде, х1атта ч1вадарухъанлъиялде. Инсанас кин щваниги, щолеб жоялде мугъ рехизег1ан, мац1алде бач1ун, ун, терхолеб бук1унеб иманан абураб, ч1обогояб, гьересияб раг1иги, гьормадаса нич адабалги, рек1едаса ях1алъул жоги, гьурмадаса маска кинниги рахъун, дорег1ан рехула, х1акъаб ккана г1акъилав, иман камилав чиясе г1емерго лъик1аб ккола, х1алалалги, х1арамалги жалазул рах1атал, лазатал, кеп-г1оркьаздаса Аллагьасда цебе г1одобег1анлъи гьеч1еб, т1адег1анлъи гурони, г1адамазул жинда хьул лъолареб, жиб жанисан зигардулареб, г1одулареб, чияр садакъа напакъалда хьул лъолареб, жиб гьардолареб, жинца гьереси бицунареб, ц1огьордулареб, жиб ч1вадарулареб, Аллагьасда таваккал т1амураб сабругин, Аллагь цадахъаб рак1, жаниб г1орц1араб мискинлъи, пакъирлъи. Алх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьас т1ад лъураб Къуръаналда бихьизабураб х1алалъ Рамазан моц1алъ к1ал кквейги, caxl бахъиги ккола. Къуръаналда изну кьурал г1иллаби тун, цогидал г1иллабаздалъун хут1арал тарал к1алал рец1ич1ого тейги, caxlал, т1аде ккарал г1ак1а мудал яги гьезул багьа къимат рец1ич1ого тей исламалда гьеч1ел жал ккола. Алх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьас т1ад лъураб Къуръаналда бихьизабураб х1алалъ х1ежгун г1умра гьабиги ккола, сахлъиги, ресги, нухги бугони х1алалаб бац1адаб боц1удалъун. Х1акъаб ккола Аллагьас х1еж къабул гьабунани Аллагьас х1еж къабул гьабиялъе жаваб гьабун гьабулеб кинаб бугониги г1акъло г1адат бихараб х1икматалда данде ч1вазари, х1ежгун г1умра гьаби дида релълъун бихьана Муъминчи живго жиндаго вихьулев мат1уялда релълъун. Алх1амдулиллагь.
Ва амма х1ежалъул ц1аралда нахъа цогидал мурадалгин аразе, жинца г1адлу гьабич1ого теларилан. Аллагьас къот1и гьабун буго чангиял данде ч1вана гьелда. Данде ч1вач1ого хут1аралги къач1ан рук1ине ккана гьелда дандеч1вай гьабизе, дунялалда рорч1ун ккани, ухравияб рукъалда. Иншаалагь.
Аварагас г1.с. абун буго жив вокьугейилан, жинца гьарурал г1амалал,пишаби рокьеян, хирияб Къуръаналда рекъарал, хириял сунатал жал гьарич1они, г1азаб кьоларел, инкар ккун, гьереси гьарун танани, къосунел, капурлъулел жал гьарич1они, дин лъугьунареб, камиллъулареб.
Сунатал г1амалаца г1адамасул т1абиг1атги, динги берцин гьабула; сунатал г1амалаца г1адамасул диналъул рац1ц1алъи, сахлъи ц1унула жанисанги, т1асанги, сунатал какаца хут1арал какал т1аса кколин, какилъ ккарал жагъаллъаби рац1унилан бугин, сунатал г1амалаца г1исинал мунагьал ч1вала, ч1ах1иялги ч1вала, ай, Аллагь т1аса лъугьуневлъун ругел, сунатал г1амалаца дин берцин гьабула, г1емер гьабула, камил гьабула, Аллагь разилъула. Аллагь лъаялде Аллагьасулгин гьоркьолъиялде щола. Алх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьас ккарал мунагьал т1аса ккеялъе кьун руго сунатал адабал, дуг1а, тавбу. Т1адег1анав Аллагьас чороклъи инабизе кьун руго лъимги, сапунги, гьезда релъаралги. Сунатал х1алт1изаруларев чиги релъуна чороклъиялъ къарг1а къарав хасмушасда, чороклъаби, хасмушлъаби исламалъ къабул гьабуларо. Бусурбанчи ч1езе ккола хасмушлъиялдаса ворч1ун, ц1ек1лъиялдеги щвеч1ого,  гьоркьохъеб бак1алда, аск1ов ч1арав чиясул рак1 нахъе ц1алареб, довехун вуссунарев, хеккого аск1оса унарев даражаялда.
Х1акъаб ккола Къуръан х1адисаз абухъе хьвадарав, бажарарав чиясе дару, тохтур х1ажалъуларо. Нагагь гьезде х1ажалъи кканани, муъминчиясе тохтур, дару хисула хасал къуръаналъул аятаз, бажарич1они гьезги жаваб асар гьабуларо. Аллагьас абун буго дица нужое кьуралъулги, лъик1аб сахлъи кколилан, сахлъи ц1унизе т1адкъана тохтур дару, инеги суннатаб ккола, гьелги ц1араб замана лъуг1изег1ан, Аллагьас сабабалъе кьурал рук1иналда рак1 ч1ун. Амма ц1араб замана лъуг1аралдаса, гьезги кинаб бугониги кумек асар гьабуларо.
Тохтурлъи гьабулев чиги, жаназалъул как базе лъалев чиги гьеч1еб росу жамаг1атго х1акъикье ккелилан буго. Т1адег1анав хирияв Аллагьас хирияб Къуръаналда жаниб муъминзабазде бит1ахъего амру гьабун буго.Дицаги, дир жал хириял малаикзабацаги рехсола, бит1ула Аварагасде свалатан. Я иман лъурал муъминзаби, ножоцаги рехсей, бит1е Аварагасде свалатан.
Гьел аятал рещт1арал мехалъ Асх1абзабаца гьикъанила: «Я расулулагь,кин мун рехселев,кин дуда свалат бит1илеян?» Аварагас гl.c. абун буго: «Алагьума свали г1ала Мух1амадин ваг1ала али Мух1амад»-ян бит1еян. Какда жаниб цебесеб атах1ияталда «Аллагьума свали г1ала Мух1амад» абун тела, нахъиселда «Аллагьума свали г1ала Мух1амадин ва г1ала Али Мух1амадан»-ян абун тела, какда жаниб «васалим» абиларо,абунани как хвелин абулелги руго. Свалаталги г1емерал кола, хиралъабиги к1удиял рицун руго,
Устарас дида бит1еян абурабги гьебго Аварагас  гl.c. бит1иян абураб какда жаниб бугеб ккола, дицаги г1ей гьабула гьелъул хиралъиялда. Аварагас гl.c. абун буго: «Дица Аллагьас т1адкъараб х1алалъ ножохъе дин щвезабунаян, ц1акъ зах1малъи, гъин баччун гьелъие г1оло, дир умумал лъазареян». Гьал ккола Аварагас  гl.c. рехсарал Аварагасул умумал: Аллагь жодода гурх1аял даимго Амин. Г1абдулагь, Г1абдулмут1алиб, Гьашим, Г1абдулманап, Къусакилаб, Каг1бу, Луаюб, Гъалиб, Фигьру, Малик, Назар, Кинанат, Хузаймат, Мудригат, Ильяс, Музар, Низар, Муг1ад, Г1аднан(Аллагь гурх1аял). Араб г1асруялъго цебего дие бокьана лъазе дуг1абазул бищун хирияб, макьида дие жаваб щвана, баянго, къокъго Альх1ам кколилан какда жаниб бугеб, г1араб мац1 лъалев чиясе г1араб мац1алъ гьабураб, хираго кола, г1араб мац1 лъаларев чиясе лъик1аб ккола лъаларел жал гьарич1ого лъалеб жиндирго мац1алъ рек1ее асар гьабураб, хираго ч1ана. Киналго мац1ал рижарав Аллагьасе телмач х1ажалъуларо. Х1акъаб ккана Аллагь разилъулев г1амалазда хьвадани, Аллагьас гьеб лах1заталъго рак1алда ккаралъе жаваб гьабула. Ва амма пасатал, х1арамал г1амалазда хьвадани, Аллагьас жаваб гьабуларо,   гьумер хачан, керен бухун, г1одун гьараниги.

 Цойги бицен:
Араб г1асруялъ цебего дие бокьана лъазе телевизоралдасан рихьизарулел чорокал жалазухъ балагьиялъул кинаб х1акъдай бук1унаян. Макьида дида цевесан ана ригь арав хъах1аб халг1ат рет1арав г1арабияв кьищни къул балеб бак1алдехун валагьун, гьениса гьес х1алица босун бач1ана х1амил к1удияб бет1ер, мах1цараб ч1ег1ерлъараб борхьил ц1ураб гьебги дида цебе рехун гьелде кверги бит1ун дихъги валагьун г1арабияс абуна гьаб кванида бащалъанаян.
Г1акълу дагьав, иман заг1ипав чиясе г1емераб жого къвариг1унаро иман диналдаса ват1алъизе, кканиги питна кьалде лъугьине, г1ей гьабула к1игоги лъабгоги раг1иялъ, амма гьелъ т1ураб загьруялдаса вац1ц1алъизе кканиги, гьелъ бекьараб питнаялдаса вахъине ккани, хираго багьаго ч1ола. Аби батана, бит1арабги ккола, хонжрол ругъун сахлъаниги, к1алзул ругъун сахлъуларилан. Г1акъилав, г1алимав, иман бугев, камилав чияс гьеб лъавукъаб кьог1аб мац1алдасан пайда босуларо. Г1алимав, г1акъилав, иман камилав чиясул мац1алъ т1ола гьоц1о, бахуна нах, гьабула рекъел маслих1ат, гьединаб мац1алдаса, гьуинаб цоги жо дида батич1о г1умруялъ. Гьединал мац1ал чанги рихьана дида араб г1асруялъ жодор г1умроялда, гьезул дунго щолев вугониги, жал камуравлъун, жодохъ урхъаравлъун дун хут1арав. Альх1амдулиллагь.
Г1али х1ажияс p.гl. абун буго г1алимзабигун жуба-гъувай бугин жаниб рак1 роц1ц1унеб жоян.
Гьал ахириял соназда исламалъ г1адамазул рак1азулъ рижизарун, цоцахъе кьолел рук1арал, г1адамазда гьоркьосел г1агарлъи, г1аданлъи, гьуинлъи, адабазул г1орхъаби т1аг1ана, лъуг1ана, исламалъ гьукъарал х1арамал жал, хасго, щварас щварасул жо кин щваниги, бикъа-хъами, ц1ар гьаби модаялде сверана. Амма гьал киналго пасалъаби ккана къиямасеб къо ч1елалде г1емерлъилилан рехсарал г1аламатал, муг1жизатал гьел т1урана, хут1араб чангоябги кват1унго ккеларо. Иншаалагь.
Дида чанги рихьана бат1улал, гьересиял диназда ругелги, гьоркьор хут1аралги коммунистал, аттеисталги, жодор хиянат-макру, ц1огь гьеч1ел жал, исламияб диналда рук1ине мустах1икъал, Аллагьасда лъик1 лъала.
Капур чиясул бицине ирга щвараб х1ал исламиял г1адамазул хут1ун гьеч1о. Жал исламалда ругоян, Аллагьасда божулаян, Аварагасда нахъа рилълъунаян, гьебго заманаялъ, х1арамал, пасатал г1амалазда хьвадулел к1игьумерчаг1и, гьересичаг1и, пасикъзаби рихьиялъ рак1 свакан, рак1 унтун свакан буго, гьабизе к1олеб бигьалъи, кумек гьеч1о, дирал бат1алъи гьеч1о, дурал бат1алъи гьеч1о. Дунгоги гьездаса кколаян, дица диего гьересияб нуг1лъи гьабун, гьезие гьалмагълъи гьабиларин, дир х1ал, ях1, сабру г1оларо Аллагьасда цере рахъарал мехалъ гьез х1ехьараб х1ехьезе.
Мунагьазда хурхун бицен.
Караг1атал какарал жал г1емерлъани, г1исинал мунагьазде сверула.
г1исинал ч1ах1иязде сверула, ч1ах1иял т1аса кколарезде сверула. Цо-цо к1удияб мунагь ккола т1аса ккеялъе бигьаяб, ай, хасго г1адамазда гьоркьосел гурел г1амалал гьариялъ, садакъа, дуг1а, тавбоялъ адабаздалъун.
Цо-цо к1удияб мунагь ккола т1аса ккеялъе жиб ц1акъго багьаго, хираго ч1олеб цо гьединаб мунагь т1аса ккезег1ан, цойги г1умруги кьун дун виччан танани лъик1ал г1амалал гьаризе дир х1ал, ях1, сабру г1еларо гьеб т1аса ккезег1ан, лъик1ал г1амалал гьаризе, гьел мунагьазда хурхун макьида щварал баянал макьоян тезин.
Цо-цояз абула дунялги, х1арамлъабиги данде билълъараца жал дунялалдаги лъик1 ругилан, ахираталдаги лъик1 рук1инаян.
Аллагьасги абун бугин капурзабаз абулин гьединан, гьездаги лъаларо жал заманаялъ бокьухъе риччан, мунагьаздалъун кьара гьарулел рук1ин.
Рук1ина гьединал г1адамал ахираталдаги лъик1, Аллагьасе г1оло х1арамлъабиги тун, камилаб тавбоги гьабун, Аллагь разиял, бац1ц1адал г1амалазда хьвадани. Иншааллагь.
Х1акъаб ккола Аллагьасе г1оло такъва адабалдалъун цо мунагь гьабич1ого тей, лъик1аб ккола азарго лъик1ал г1амалал гьареялдаса.
Х1акъаб кола: Муъминзабазе жал рац1ц1адал, Аллагьасул хириял Авлияазе, дунялалъул рукъ ккола питнаялъулги ургъалилги рукъ, ц1ад ч1езег1ан гъоркь ч1араб т1окъоялда жиб релъараб.
Х1акъаб ккола т1ад мунагьгин Муъминзаби, жал рац1ц1адал Авлияалги   Аллагьас дунялалдаса Ахираталда рахъуларо, руссинаруларо, гьезда Аллагьас балагьал риччала, рах1матлъун гьез гьел ч1амула, къулч1ула Аллагьасде таваккал т1амун, сабруялда, Аллагьасе щукру рецц гьабун, гьезул мунагьал чурула, кири г1емерлъула, Аллагь разилъула. Аллагьасдасан киг1ан дагьабг1аги зах1малъи, къварилъи гьеч1ого хут1араб замана, жал рац1ц1адал муъминзабазе Авлияазе бащалъана Аллагьасда к1очон теялда, Аллагьас pexун теялда. Аллагьас муъминзаби, Авлияал ц1унайги къосен балагьаздаса, нилъги ккайги муъминзабазул Авлияазул сунареб дуг1адулъе Амин.
Цо цо г1адамазе бокьуларо динияб ваг1за, хабаралъухъ г1енеккизе динияб хабар раг1идал, гьезул рак1 нахъе ц1ала, квер хъвараб мехалъ ц1адал х1ама киниги.
Гьезул иман ккола Аллагьасе г1оло гуреб, г1адамазул г1айибалдаса, х1инкъун лъураб, гьез т1асан г1адамазе гьабула иманалъул сат хвел.
Динияб хабар киг1ан г1емераб раг1аниги, лъик1аб кканиги, гьелъ г1акълу лъай ц1ик1к1уна, х1акъабги бат1улабги бат1а бахъизе лъала, иман бижизабула, камил гьабула, гьеб хирияб г1ибадаталдаса кола, Г1елмуялдаса кола, г1елмоялдаса данде ккараб бугони, нилъер нафс гьелъий бокьухъе биччан танани, гьелъ лъик1аб г1амалго къабул гьабуларо, лъик1аб г1амал гьабизе жанисан зигардула, г1одула. Х1арамал, пасатал г1амалал гьаризе бохун, хинлъун г1едег1ула, дурула, гьебги гьеч1ищ к1удияб х1икмат, илбисалъул квер бакъи бихьулареб. Дуда лъач1онани мунго хиралъиялъе сабаблъун ккараб г1акълуялдасан пайда босизе, чара гьеч1ого пайда босула цойгияс: мошенниказ, аттеистаз, илбис щайт1аналъ.
Мун дур нафсалда гурх1ани, чара гьеч1ого кида къадги гурх1ел ц1об т1аг1арав т1амула дуда зулму гьабизе.
Дуца т1ад ч1ей гьабун черх, нафс ругьун гьабе, гьелъий лъик1ал г1амалал рокьизег1ан, х1арамал пасатал г1амалаздаса жибго нахъе ц1алеб даражаялде щвезег1ан.
Мац1, рак1, пикру ругьун гьабе Аллагь жанив ц1униялда. Мац1, к1ал ругьун гьабе зикру свалаталда. Зикруялъ рак1 бац1ц1ад гьабе рек1ел нипакъалъул унтабаздаса. Рак1 ц1езабе зикру свалаталъ илбисалъе жаниб лъугьун къинлъаризе бак1 теч1ого. Воре к1очон тоге х1акъго мун х1айван г1адин паналъахъе тезе гьеч1евлъи. Вope Аллагь гурх1улев вугилан Аллагьасда божун ч1оге, гурх1елалъего г1адин Аллагь г1адлуялъе ц1акъав кколин.
Дида чанги рихьана х1айван хвараб, хъураб бак1алде рак1арун х1айваназ рухъардун, рит1арун, г1ерг1едун жодохъего маг1аби гьарулел, маг1о бахъулел. Мац1ги лъалев, раг1иги раг1улев, г1акълу лъайги бугев инсан кидал жиндихъго г1одизе вугев, кидал жиндихъго маг1у т1езе бугеб.
Хобалъул ч1абар хачан, аман бачинийищ ч1арав, дица тедал дунги тана вай аман хвелалъул кьог1лъиян.
Инсанас хвелазул ц1акълъиялъ хвел г1агарде биччаларо къойил хун унел рихьаниги, цоял унтун цоял авария ккун, цоял херлъун хун ратула хвел жив гьавуралдаса г1агарлъулеб бук1иналда цадахъго.
Жив гьавиялда цадахъго, жив хвезе гудрал гъун рук1иналда цадахъго, ай, унта-щокълъи, балагьал, херлъи, кьог1аб хвел цоялдаса ворч1аниги цоялдаса ворч1уларев. Т1адег1анав хирияв Аллагьас г1ибадат т1аг1ат гьабурасе гурони ризкъиги, къвариг1арабги кьолареб бук1арабани.
Дунял г1алам бук1инаан зодор рорхарал кверал г1одор риччач1ого, гьумер хачан, керен бухун г1ерг1едилел к1удияб инжилъиялда. Т1адег1анав Аллагь вук1аравани лъидениги сундениги х1ажатав Аллагьас г1одов къуларав ворхизе теч1ого, нодо х1улун т1аг1ун, к1удияб г1одог1анлъиялда вук1инаан инсан. Инсанасда лъаларо жив хираго вижун, заманаялъ к1иго нухги бихьизабун бокьухъе виччан тун вук1ин. Т1адег1анав хирияв Аллагьги хут1ана жинца бижанщинаб даимго жинда х1ажатавлъун. Аллагьас бижанщинаб жоялда лъала жал рижарав т1адег1анав хирияв Аллагь х1ут1 хъумур, х1айванал, хер-гъвет1алдаги. Т1адег1анав хирияв Аллагьги хут1ана жив лъиданиги сундениги х1ажалъуларевлъун. Т1адег1анав Аллагьги хут1ана лъица, лъие, сунде гьарурал реццал жинде руссуневлъун.Алх1амдулиллагь. Т1адег1анав хирияв Аллагьасе бокьана жив киналго мукъсанал сифатаздаса вац1ц1адав, жиндир ватиялъе авал ахир гьеч1ев, балъго хазиналда релъун ч1еч1ого, хут1ич1ого. Кинабго г1алам бижун жинца, бижанщинаб жалазда жиндир т1адег1анлъи, ханлъи, хиралъи, xlaл к1веялги рихьизарун, жинца бижанщинаб жоялъ жодор ратиялда рекъараб, жодода т1ад лъураб х1алалъ жинца бижанщинал жалаца жив цо вук1иналъе нуг1лъи гьабун, гьез жиндие лагълъи гьабизе. Аллагь цо вук1иналъе нуг1лъи гьабуна инсанасул сог1аб, къосараб бидул къвач1аялъ хут1изег1ан, бензин, нарт т1еч1ого, ч1араб замана гьеч1ого, жиб х1алт1улеб х1икматаб гьавураб къоялдаса хвезег1ан. Т1адег1анав Аллагьас ухравияб рукъги гьабуна жиб данде гьабураблъун, г1арщ, курс, алжанал, жужах1аздасан жал даимго т1аса унарелъун. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав хирияв Аллагьас дунялалъул рукъги гьабуна т1аса унеблъун, даимлъулареблъун. Аллагьас дунялалъулъги рижана лъик1лъабиги, квешлъабиги, жал алжанал жужах1азде данде кколел. Т1адег1анав хирияв Аллагьас инсанасухъ тана ихтияр: лъик1ал г1амалал гьаризеги, квешал гьаризеги, гьарич1ого тезеги. Т1адег1анав Аллагьас къот1иги гьабуна жодор-жодор г1амалал рихьун, алжанал жужах1азде русинаризе,т1адег1анав Аллагьас инсан дунялалдаса ухравияб рукъалда вахъиялъе сабаблъун гьабуна кьог1аб хвел, т1адег1анаб хирияв Аллагьас инсан хиралъиялъе сабаблъун гьабуна г1акълу. Т1асан хъалалъ вахчарав, жанисан жив чорокав, т1адег1анав Аллагьас жиндирго хириял лагъзал аварагзаби рит1ана халкъазде халкъазда гьоркьоса г1адамаздаса кинаго рахъалъ т1ок1к1ал, бит1араб нухалда т1орит1изе, бит1араб бац1ц1адаб диналда Аллагь цо гьавиялда ах1изе, т1адег1анав Аллагьас Аварагзабазда жиндирго хириял каламал, т1ахьал рещт1ана, вах1юлъун Жабраг1ил г1.с. малаик гьавун умматазе кинабго баян гьабун.
Т1адег1анав Аллагьас Аварагзабазул ирсилал, г1алимзаби кьуна диналде ах1изе, баян гьабизе, малъизе. Сабабал рачун, т1адег1анав Аллагьасги теч1о инсанасе, лъач1о раг1ич1оян абизе ресги, бак1ги. Гьединлъидал, Аллагьас г1акълу лъай кьеч1ел  г1адамазе, гьединазда дин т1адлъуларо, балугъал г1акъилазда гурони. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьасе ц1акъ бокьула лагъасул мук1урлъи, рац1ц1адал г1амалал, лагъас жинда таваккал т1амураб сабру, гьабураб щукро, рецц гьабураб мехалъ, лагъасда живго жиндаго г1одовег1ан вихьила,  лагъасул гурх1ел-ц1об, сахаватлъи, загьидлъи, рагьараб кверги, рак1ги разияб г1ат1идаб гьумер, нодоги жал Ибрагьимилазда гl.c. Мух1амадилалда жал релълъарал, гьезул хиралъаби лъаниги цо-цоязул х1икматал рихьаниги. Дие бокьула дир нафсалъул ихтияр дихъе рехун теч1ого, дир нафсалда Аллагьас кверщел гьабураб мехалъ, Аллагьасул квер бакъи жинде щвараб мехалъ, черхалъе гьабулеб гьогьомараб, рах1атаб, лъик1аб асар, бит1ахъе бицани дун х1инкъула иман диналдаса ват1алъиялдаса, нилъер иман бугелъул хисардулеб, т1аса унеб. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагь разилъуларев г1амал гьабизе муъминчиясул хиял ккараб мехалъ, гьесда черх нахъе ч1вазе, ц1унизе к1олареб мехалда, Аллагьас рек1елъе рехула ц1ик1к1араб х1инкъи, гьеб хиял бокьи свинабула, рак1алъе, черхалъе гьабула гьогьомараб, рах1атаб, лъик1аб асар. Гьедин ц1унана рах1манас дун жив разилъуларев г1амалаздаса, жинца ц1унич1евани, дица жал гьарич1ого гьоркье тезе рук1инч1ел. Альх1амдулиллагь
Т1адег1анав Аллагь разилъуларев мунагь муъминчиясухъан лъугьанани, гьесул рак1алде ккаралъе, гьараралъе Аллагьас жаваб гьабуларо, гьес камилаб тавбоги гьабун, ккараб мунагьалъул даражаялдаса ц1ик1к1араб заманаги ун, к1иабизеги жаваб гьабулеб даражаялда вахарав, щварав мехалъ гурони.
Т1адег1анав Аллагь т1аса лъугьунарев мунагь муъминчиясухъан,  валиясухъан лъугьани, гьев ват1алъана Аллагь лъаялдаса, Аллагьасулгун гьоркьолъиялдаса, гьев къосана. Т1адег1анав Аллагьас муъминзаби, Авлияал ц1унайги къосен балагьаздаса, дунги ккайги муъминзабазул Авлияазул сунареб дуг1адулъ.
Т1адег1анав хирияв Аллагьасул хириял Авлияазда сверухъ бицен.
Аллагьасул хириял Авлияазда цогидал г1адамаздаса т1ок1алъ бакараб щибго жо гьеч1о, Авлияал г1адин хьвадарав щибав чи ккола Авлияаздаса, Аллагьасул хириял Авлияазухъ хут1ана камилаб иман, такъва, их1сан, нич ях1, адабазул рачел. Авлияал т1ок1лъана камилаб иман, такъва, их1сан адабаздалъун, Авлияал т1ок1лъана жалго г1одорег1ан рихьиялъ. Аллагьасде таваккал т1амиялъ, сабру, гурх1ел, ц1об, сахаватлъи загьирлъиялъ, дунялалъул х1арамал тун, х1алалал дагь гьариялъ, мунагьал ккеялдаса х1инкъун, хвел бокьиялъ, хвалилъ мекъи ккеялдаса х1инкъиялъ. Авлияал т1ок1лъана Аллагь пикрудалъ, рек1елъ ц1униялъ, Аллагь рехсеялъ, Аллагьасул рах1матал, х1икматал, ниг1матал тун, Аллагь лъаялда г1ей гьабиялъ.
     Авлияал т1ок1лъана рияъ, рецц, ц1ар-рецц бокьиялдаса ц1унарал рук1иналъ, Авлияал т1ок1лъана ц1акъго гъваридал, балъгоял рук1иналъ, Авлияал т1ок1лъана гьереси бициналдаса ц1унарал рук1иналъ, Авлияазе лъай кьола рек1елъ рехун ильгьам гьабун, Авлияазда рак1алде ккаралъе гьараралъе Аллагьас гьеб лах1заталъ жаваб гьабула, Авлияазда т1асан к1алъан мурадалде чи щоларо, Аллагьас ц1унарал рук1уна, Авлияазе питна гьабулев чи, Аллагьас сабаб бачун, нодо ккун балагь-хвалде ц1ала. Аллагьасдасан киг1ан дагьабг1аги зах1малъи къварилъи балагь гьеч1ого хут1араб замана Авлияазе бащалъана Аллагьас рехун теялда.
Дунялалдаса камуларел Авлияазе г1ологи, г1исинал лъималазе г1ологи, мац1 лъаларел х1айваназе г1ологи гуребани, Аллагьас гьаб дуниял цо лах1заталда жаниб жулица кинниги лъухьилаан, гьал пасалъабаздаса т1адег1анав Аллагьас Авлияал ц1унайги къосен балагьаздаса. Амин, Амин.
Дандеч1вала ц1алараздаса жодоца г1амал гьабуларел, г1елму ц1аларал, жодоего балагьал, гъиналъе жодоца мисал бихьизабиялдалъун жагьилзабиги, пасатал, х1арамал г1амалазда гьесизарулел капурчиясдаса диналъе, диниял г1адамазе зарал ц1ик1к1арал, гьел ккола Къуръаналда роржунарел щайт1абалъ рехсарал мошенникал, илбисалъул агентал, кквезе чи т1аг1арал, гурх1изе ккарал гъаримал, абула эменияб иблис г1ан г1елму хабар лъалев чи вук1унарилан.
Харбихъ балагьун кьезе бегьуларо г1адамасе къимат, гьес гьарулел г1амалазухъ балагьун гурони, гьел иманалъул кьер ххвел т1асан гьабулел мошенниказ г1емераб хабар данде гьабула, гьеб ккола гьезул алатал гъин бихьич1ого, ч1андаялъе бет1ер бахъи, маг1ишат гьабиялъе гьел к1игьумерчаг1аца, хиятанчаг1аца пайда босула жагьиллъабаздасан. Гьез абула бикъа-хъамараб жодое бегьулин, жодода лъалин гьелдалъун ккараб мунагь т1аса кколел дуг1абиян. Х1исаб гьабе Аллагьасда гьез лъолел бугьтаназул, цоязул квер къот1изе бихьизабун, цоязухъ хиянатчаг1азухъ т1аса ккеялъе балъгоял дуг1аби кьун, гьеб г1елародай гьел къосиналъе. Гьеб ккола Аллагьас х1арам гьабураб, ц1огь х1алал гьабеялдаса. Гьел пасикъзабаца бегьизабула капур чиясул х1укуматалъул г1аммаб буголъи бикъизе, гьез бегьизабула къосеналда кколел х1арамал ришватал кьеялдалъун, гьересиял, х1арамал пенсияби рахъун, хвалил бусаде щвезег1ан, кваназе гьез бегьизабула х1арамаб боц1удасан садакъа, закаг1ат бахъизе, х1арамаб боц1удасан х1ежгун г1умра гьабизе. Бусурманчияс х1арамал жал гьаризе бегьуларо бусурманасеги капурасеги.
Шарг1иял законал х1алт1улел рук1аралани, ц1огьал кверал гьеч1ого хут1илаан, гьекъолдухъаби гьодал х1улун рук1инаан, зиначаг1и х1ат1 кьабиялъ, ч1инхица ч1ван хвелаан, ч1вадарухъаби данде ч1валаан гьел кьуч1ал шарг1иял законаздаса нилъ ц1унун руго Россиялъул гурх1ел ц1обалъул къанун законаз, ришватаца жал гъанкъулел гьел х1арамзабаца рецц гьабизе ккола гьел къанун законазе. Гьебго заманаялъ лъазе ккола Аллагьасул къот1иги жинца къисас босуларилан дунялалъул дагьал къоязулъги, хекко т1аса унеб хвалда гьоркьоблъиян ухравияб рукъалда гурониян. Бицана, ана малаикзабазулги Аваргзабазулги иман Аллагьас мугьру нигат ч1ван хисизаби хвезаби т1аса иналдаса ц1унараб бук1иналъул.
Бицана, ана муъминзабазул иман Аллагьас ц1унич1еб хисардулеб т1аса унеб бук1иналъул. Ункъабилеб иман ккола капурзабазул Аллагь тун Аллагьлъун цогидал жал ккурал. Руго г1адамал лъавукълъиялъ бакъ, ц1а Аллагьлъун ккурал, г1акдае лагълъи гьабулел. Руго г1адамал лъавукълъиялъ бат1улал гьересиял диназда ругел, жодоцаго гьарурал суратазе, ясик1абазе,хъанчазе, гьезда рекъарал какал ралел динал гьарулел, руго г1адамал лъавукълъиялъ Г1иса  гl.c Аллагьлъун ккурал, Аллагьасул васлъун рик1к1унел, Г1исал  гl.c. эбел,Аллагь гурх1аяй,Марям Аллагьасул эбеллъун рик1к1унел, Марямгун Г1иса  гl.c. рижарав Аллагь жодода лъаларел.
Руго г1адамал Аллагь динал гьереси гьарулел. Маркс,Ленинил наслаби, халкъазул эмен Сталиние жал гьарурал коммунистал, атеисталги. Руго г1адамал цонигияб рахъ гьеч1ел, гьоркьор хут1арал маймалаказул мисалалда жал ругел. Гьел бат1улал гьересиял диназда ругезеги коммунистал, атеистазеги, гьоркьор хут1аразеги исламалъул гурх1ел, рах1му, ц1обалъул нуц1а рагьараб ккола бокьараб мехалъ, маг1наги лъан, щакдари васвасал тун, рак1-рак1алъ шагьадатги бит1ун, бит1араб, бац1ц1адаб диналда Аллагь цо гьавиялда руссине. Иншаалагь.
Я Аллагьасе рокьулел муъминзаби Аллагьас къосен балагьаздаса ц1унаял, дунги нужер сунареб даимаб дуг1адулъ кквеял, нилъеца лагълъи гьабулев киналго мукъсанал сифатаздаса вац1ц1адав, жиндир ватиялъе авал ахир гьеч1ев, г1аламул гъуюблъун жив вугев, киналго жал рижарав т1адег1анав хирияв Аллагьасе. Алх1амдулиллагь
Я Аллагьасе рокьулел муъминзаби, Аллагь даимго гурх1аял, нилъеда т1адаблъун ккола бит1араб бац1ц1адаб диналда, Аллагь цо гьавиялда ратиялъе г1оло, т1адег1анав хирияв Аллагьасе хасаб шукру рецц гьабизе, хасаб щукруялъул как базе. Руго г1адамал Дагъистаналдаги жагьиллъиялъ жал исламалда ругоян, жал къосен капурлъиялда колел, Индиялда вугев къосел, кашиш жив Авараган ч1арав салибабада нахъа рилъиналъ, Мух1амадидаса  гl.c. хадув цойги Авараг вахъине гьеч1евлъи жодода лъангут1иялъ, руго г1адамал жагьиллъиялъ, иман гьеч1олъиялъ, пасатал х1арамал г1амалал гьариялъ, жал пасикълъабалъ кколел. Я Аллагьасе рокьулел муъминзаби, нилъеда т1адаблъун ккола т1адег1анав хирияв Аллагьасда гьаризе жив разияв муъминзабазул нухалда т1орит1еян.
Дандеч1вала г1умруялъул бищун хириял багьаял сонал пасатал г1амалазда, кеп г1оркьалдаги рехун, Аллагьасе дин гьабизе херлъиялда рахарал,  гьездаги лъаларо хераздаса хваразулъ бах1арал г1емер рук1ин.
Херлъидал гьарулел г1амалал херлъиялда релълъарал, огь, агьан Аллагьан зигардулел рук1уна, херлъиялда г1узраби г1емерлъула, х1ал-ях1 т1аг1уна, нич бихула, бахиллъи ц1ик1к1уна, хвалил бусада лъураб иманги, гьабураб тавбоги релълъуна гула хер лъуг1идал кверде вач1арав пленасда. Хвалил бусада гьесда цере терхезе лъугьуна, гьарун арал пасатал х1арамал г1амалазул сифатал гьез рек1елъе х1инкъи рехун хехдаризавула, малаикас виччан тани т1урун арав вукъизеги щвелароан. Дица тедал дунги тана вай Аман хвелалъул кьог1лъи. Мун балагье иман дин бугев херасухъ гьесда хасаб маг1на нур бук1уна, гьев вугев рукъалда хасаб баркат бук1уна, мунагьал дагьал кола, ккаралги гьел чурула. Капур чиясул г1адин гьесул рак1 черх ч1унтуларо. Аллагьасги абун бугин херлъиги жинца рах1матлъун кьун бугилан, ай, гьелдасан пайда босизе лъанани.
Аллагьасдаги божулев, Аварагасда нахъаги жив вилълъунев, гьебго заманаялъ пасатал х1арамал г1амалазда к1игьумерчи, гьересичи, пасикъ нахъе ч1валаро Аллагьасул г1азабаздаса ахираталъул рокъоб. Аварагас х1арам гьарурал бидг1аби, г1адамаца рияалъул мах1 бахъарал, жал рац1ц1адал муъминзабазул жодода хьул лъоларел лъоге, мох-мохалда нах бахун г1адал гьекъел гьеч1ел компанияца. Ахираталъул рокъоб чанго метра ххамилги босун унеб, дунялалъул ч1аголъи гурони гьабизе лъаларел гурх1изе ккарал гъаримал кквезе чи т1аг1арал. Цеве дунги хадур цогидалги.
Садакъаби гьариялда сверухъ.
Х1ажатазе квербакъи гьаби ккола лъабго бат1иял: кверзул, к1алзул, боц1удалъун. Садакъаби гьариги ккола хириял сунатаздаса, гьелъулги ккола жиндаго хурхарал сифаталги, адабалги.
Аллагьас абун буго мун гурх1ани дудаги гурх1илаян. Аварагасги бицун буго бахилал, хъант1арал, т1абиг1ат квешав чи Алжаназде лъугьунароян. Дида садакъалъул рихьарал хиралъаби, х1икматал лъалелани, рихьанани г1адамаца рагьараб квер дандего бачинароан, жигар бахъилаан жодорго кверал сахаватлъиялъ Ибрагьимилалда  гl.c. Мух1амадилалда релъинаризе. Г1адамаца боц1и хазинаго данде гьабилароан, хазинаялда ахираталда х1исаб суалалъе балагьалъе ратизе рук1ине. Гьарулел г1амалал гьарила Аллагьасул ц1аралдалъун, Аллагьасе г1оло, рияъ, бидг1а г1адатаздаса ц1унун. Садакъа дуг1аги балъго гьаризе рихьизарун руго, квараналъ кьолеб квег1алда бихьич1ого. Амма нилъее гьединал садакъаби гьари бокьуларо, рияъ гьеч1ел ц1ар рец щоларел. Садакъа кьезе бегьула мискинлъи, пакъирлъи т1аса инег1ан, налъулав налъукьа ворч1изег1ан, садакъа щоларев чияс босани, гьес цо къоялъ бец1ила, гьесие кьезе бегьула г1аданлъи адаб гьабун сайигъат, гьелъул кири садакъаялда бащалъи, кири садакъа къарзалда кинниги садакъаги гьабила х1алалаб бац1адаб боц1удасан, х1арамалдасан гьабунани х1арамаб жо цогиясда хурхинабиялъул х1акъикьеги ккела, ц1огь т1аса ккеларо къот1изе бихьизабураб квералъул х1укму.
Аллагьасухъ хут1ана х1арамаб жо бегьила сверизабизе г1амал бак1азда, туалетазда, кьо нухалда, къулг1а лъималда, кибе кьуниги гьеб буссина Авалияв жиндир бет1ергьанасде. Садакъаги кьела рукъалъул агьлуялъул х1ажатаздасан, кето гьой бат1алъи гьеч1о, садакъа кьела хасго бесдалазе Мадраса мажгиталда, кьо, нух, къулг1а лъималда, муъминчиясе, г1алимасе, хасго Аллагьасул хирияв валиясе, х1арамаб жо хасго Мадраса мажгиталда  гlaгap гьабиларо, садакъа капурасеги кьезе бегьула. Хваразул рух1азе кири кьолаго, ц1акъго лъик1аб буго киналго накълулъарал муъминзаби данде къан ният гьаби. Киназего бащад щвела кири, г1емерлъила нилъее, кири щвани, нилъеца кьунги ина, щвела нилъее, кири щвеч1они, нилъеца кьунги инаро, щвеларо.
Росас эбел инсуда хадуб, вакьад якьадалъул рух1азе кьела, ч1ужуялъ росасул чаг1аздасан байбихьила, гьеб тартиб ц1унич1они, цоцахъа бахъула кодоса, арал пашманлъула, хварал рек1ел хвеялде т1амуге.
Дица нуг1лъи гьабула, Аварагас  гl.c. абун буго дин дица щвезабухъе теян. Лъик1ал жалан т1аде жал журагеян, бидг1а, г1адатал гьаруравги къосарав кколилан, къосаралги жужах1азде унаян.
Х1акъаб ккола г1адамал ресалда кканаг1ан г1адатал г1емерлъиги, г1адатал тезег1ан Мух1амад  гl.c. г1адамаца дин тейги. Жинда ч1аго вук1аго бахиллъиялъ садакъалде кьезе к1веч1еб боц1уе, хведал бидг1аби, г1адатал гьаризе васиятал хъвайги чияр боц1удасан, сахаватлъиялдасан ккола.
Къуръан х1адисалда данде кколарел васиятал хъвайги, хъван ратарал хварасул paг1и бергьинабун х1алт1изариги х1арамаб ккола.
Рух1азда сверухъ бицен.
Гьава гьеч1илан лъица абулеб, бук1ун лъида бихьулеб, лъица гьеб кколеб, рух1ал нахъе хут1и х1акъаб кола, дицаги нуг1лъи гьабула.
Иманалда хвеч1ев чиясул pyxl уна сижиналда, гьелъий кьурабги щоларо, гьеб релъуна туснахъасда, гьеб бук1ина жиндир мунагьазул даражабазул г1азабазда.
Аллагьас т1орит1айги живго разияв г1амалазда. Иманалда хварасул pyxl уна г1илиюналде, гьелъий кьураб щола. Хасго хириял заманаца, гьелъ зиярат гьабула черхалда, жиндир агьлуялда, pyxl кколаро рахарал, къарал баказ, рух1алъул хехлъи релъуна паркъизабураб мат1уялъул канлъиялда, рух1алъул лъай чанго нухалъ ц1ик1к1араб бук1уна дунялалда бук1аралдаса, рух1алда лъала нодоялъухъ балагьун иман бугевги, гьеч1евги, иманалда хварасе, иман гьеч1ел рокьуларо, рух1аз бицарабги лъугьуна, Ахираталда гьереси х1алт1уларо, руго ц1акъго рац1ц1адал муъминзаби, Авлияал, хобалда турел гьеч1ел, руго к1удиял авлияал хоб рагьун балагьани, гьенир жал ратуларел, Аллагьас абун буго хвел инсанасда аск1об къабих1аб, жинда аск1об къиматаб жо кколилан.
Цебегосеб лъугьа бахъиналдасан.
1970 соназго Шура мажгиталда рузман къоялъ мунагьал чураяв дибир Патам Къадица жамаг1аталъе бицана Г1аймакиса к1удияв Абубакарица p. гl. салам кьураб мехалъ каг1ба рукъ жаваб гьабун данде хьваг1анилан. Абубакар p. гl. вукъун вуго Гьарак1уни росулъ. Абубакарил вас к1удияв Саг1ид хвараб мехалъ Абубакарица p. гl. макьида цоясда абун буго Саг1ид p. гl. дир вас дир хобалъув вукъеян, хоб рагьун балагьидал жаниса лъухьараб г1адин батун буго ва Саг1ид инсул хобалъув вукъун вуго, гьаб хабар бицана гьарак1униса к1удияв г1алим Пахрудиница р.г1. Пахрудиница p.гl. к1иго лъабго г1алим валиясда гьоркьоб жиндиего хоб къач1ан бук1ана живго Щура апараглъиялда ккана, хоб гьесул хъизаналъе ккана.
Рец1ун каказда хурхун бицен.
Т1адег1анав Аллагь жинда гурх1аяс, дир инсуца чанго г1алимасде кагьтал хъван ругоан, жив данде ч1вач1илан рец1ун каказда хурхун бицараб бак1алда, баян гьабеян.
Жавабал дица ц1алана Мух1амад дуда лъалелдаса бат1ияб маг1на гьелъул гьеч1илан бугоан, мунагьал чураяв гендерил дибир Калил Мух1амадица жаваб кьун бугоан гьелъий. Жаваб Къуръаналда к1удияб табаракалъул ахада бугилан, гьес абулел аятазе жоялда кьун буго гьадинаб баян. Къад гьабизе т1аде босараб вирд хут1ани къад бец1изе бегьилаян, какда хурхараб бицен гьениб гьеч1о. Къуръан х1адисазда гьеч1еб суал данде ч1вараб мехалъ, гьелъий х1укму гьабула Къуръан х1адисазда данде кколеб х1алалъ, г1акълу лъай, г1елму ц1ик1к1арал г1алимзабаца гьелда абула къиясан, руго цойги г1адамал авлияаздаса Аллагьас жодое лъай кьолел, жал мекъи кколарел, цогияв т1асан к1алъан, мурадалде щоларел. Дир устарасдасан бицана жинда баянго лъалев чияс, жинцаго гьабеян балъго г1адамал хадур ц1ан, рикьалаби гьаругеян. Аллагьас изну кьоларилан г1адамал г1алимзабазда, диниял идарабазда хадур теян, гьезул къимат хвезабизе бегьулароян. Дида хадур г1адамал рилълъунел рихьараздаса дицаги балъго гьабулаян.
Жал инкар ккун, тарал каказул.
Х1укму Аллагьасухъ хут1ана. Жал иман исламалъул рукнаби, какда хурхарал т1адал жал, жиндирго г1елму лъач1ого ран арал, т1аса ккеялъе ран арал, к1ух1аллъун тарал, армия туснахъалда хут1арал, цогидалги рец1ун рала, камилаб тавбуги гьабун, т1адал жалги лъазарун, сунатал какалгин, адабалгин цадахъ, сунатал какаца хут1арал какал т1аса кколин, какилъ ккарал жагъаллъаби рац1ц1унилан бугин, жиб жиб как, жинда жинда т1ад каказул къадар лъач1они, рак1 ч1езег1ан рала, жамаг1ат гьарун ралелъулъ гьез гьабураб гьабила, г1адлу низам, адабалги ц1унун. Араб заманаги гьелъул хиралъабиги т1ад руссунаро, жанив вугев замана г1адада биччаге, т1ад ч1ей гьабе.
Бихьиназул ц1иналдаги накалдаги гьоркьоб бак1 рик1к1уна г1авратлъун. Бихьиназги бегьуларо черх загьир гьабизе, живго жиндаго вук1агоги, г1узру гьеч1ого, х1атта, къвалал къокъаб горде рет1ун муъминчи хьвадиларо.
Руччабазул гьумер кверал тун, цогидаб бак1 рик1к1ун буго г1авратлъун. Руччабазеги х1арамаб ккола цогидаб бак1 черхалъул загьир гьаби.
Руччаби рокъор горсвериялда гьоркьор эркенго рук1ине изну буго. Нич адабазул г1орхъода. Бихьинал рук1а, руччаби рук1а, шарг1алда данде кколарел хиянатал пикрабазде балагьи рик1к1ун буго к1удиял мунагьаздаса, берзул рик1к1ен зинаялдаса.
Нилъеца х1алт1изарулел ругел пасалъаби, жеги жал гьарзалъизе ругел, гьездаго гьоркьоб чорокаб демократиялъул учузал, жалго г1одорег1ан гьарулел бихьиназул берал, рак1ал т1аде ц1алел ясал руччабазул гьод, чехь, бохдул загьир гьарулел культураби ккола къиямасеб къо ч1елалде г1емерлъилилан рехсарал г1аламатал, муг1жизатал, гьел т1уран хут1арал чангоялги. Кват1унго ккеларо иншаалагь.
Инсанасда нахъаса камизе бегьуларо кьуч1ал законалги законазул зулмуялъул алатал кьабулеб ц1ал, дубинкадул xlapa, туснахъалги. Амма иман камилав чиясе гьел х1ажалъуларо. Дунялалъулго халкъал пасатал, х1арамал г1амалазда хьвадилаго, бакънал, музыказда гъоркь къач1адилел руго къиямасеб къо ч1еялде данде ч1вай гьабизе.
Дунялалъул т1абиг1иял балагьал нахъе ч1вазе х1ал г1еларо МЧСазул, дунялалъул питнаби свинаризе къуват г1еларо ООНалъул.
Т1адег1анав Аллагьас ясал, руччабазе кьейги камилаб иман, такъва, их1сан, ях1 намус, нич, адабал жал хисизаризе т1аса инабуларел боц1и балагьаз, мошенниказ, атеистаз, илбис-шайт1ан, кьуч1аб хвалица.
Т1адег1анав Аллагьас г1акъло, лъай, иман, такъва, их1сан, нич,
адабал кьурал ясал руччабазухъ дун балагьула. Аллагь гьоркьов
ккурав бац1ц1адаб, х1асратаб рокьи адабазда.
Т1адег1анав Аллагьас г1акълу, лъай, камилаб иман, нич, адабал
кьурал ясал, руччаби ккола щивасул эбелги, яцги, ясги, ч1ужуги,
г1умруялъул гьудулзаби, г1акълуялъул советникал.
Аллагьас г1акълу лъай кьурал, иман, такъва, нич, адабал кьурал
ясал руччабаца бот1рода лъола бихьинал. Аллагьас г1акълу, лъай, такъва, нич, адабал гьеч1ел ясал, руччабаца х1ат1икьги лъола бихьинал.
Рос рукъалъул х1уби кколев ватани, ч1ужуг1адан ккола т1асан лъураб ч1ало, жиб гьеч1они, рукъ лъугьунареб, турараб кканани, жиб данде бачунареб, рукъ бихулеб. Руччабазул гъуждуз баччула рукъги, дуниялги. Аллагьас г1акълу, лъай, камилаб иман, такъва, нич, адабал кьурал ясал, руччабаца гьарула, къач1ала лъимал, лъугьуна муъминзаби, г1алимзаби, Аллагьасул хириял Авлияал.
Аллагьас г1акълу, лъай, камилаб иман, такъва, нич, адаб кьеял руччабаца гьарула, хвезарула лъимал, жодорго каранда ц1а гъезе, ццингун маг1угин квен кваназабизе, сардал рорч1изаризе, жал хун, жодохъ маг1ил раг1аби абизе нечарал гьерсихъаби, ц1огьал, гьекъолдухъаби, зиначаг1и, лъимал бесдал гьарулел, лъудби къорол гьарулел, жал хун жодохъ ч1ег1ер базе къабих1ал, нечарал ч1вадарухъаби.
Аллагьас гьединазеги кьейги г1акълу.
Лъай, камилаб иман, такъва, гурх1ел, ц1об, нич, адабал жал хиса басизе, хвезе, т1аса инарула боц1и балагьаз, мошенниказ, атеистаз, илбис щайт1аналъ.
Гьелдалъун кколин гьезиеги, гьел гьарурал улбузеги, г1адамазеги берцинлъи, парахалъи, рекъел, маслих1ат дунял ахираталда. Иншаалагь. Гьединал бахьикъосарал, гурх1ел, ц1об, нич, адабал лъаларел, дунял ахират хварал лъимал лъугьинч1ого рук1ине ккани, ясал руччабазда т1адаблъун кола, жодода т1адаблъун гьабун бугеб х1алалъ, жодода т1адаб г1елму ц1алун, гьикъун, жалго къач1азе, куцизе, ругьун гьаризе, адабазда къач1ан рук1ине, шарг1алъул т1алабазда рекъон, лъимал, рукъ бачиналъе. Диналъул гурони, г1адамал къач1алел школал, институталги гьеч1ин. Гьедин гьеч1олъиялъ. унтун рихьула дида дидасан байбихьун, дунял г1аламго. Эбелалъул карандасан, рокъосан байбихьун, каранда лъураб камилаб иман, такъва, нич, адабал бигьаго риххизе, хвезе, т1аса инаруларо боц1и балагьаз, мошенниказ,   атеистаз, илбис, щайт1ан, кьуч1аб хвалица. Иншаалагь.
Т1адег1анав Аллагьас г1акълу, лъай, камилаб иман, такъва, нич, адабал кьеял ясал руччабазда лъалебани, рос-рукъалъе, лъималазе гьабураб хъулухъ адабазе, тарбиялъе г1оло, т1адег1анав Аллагьасдасан ахираталда жодое щвезе ругел хиралъаби, рах1матал жал, х1икматал, ниг1маталги, г1олохъаналги щай гурин, зоб жинда бихьуларей к1одоэбелги ч1елароан рахсида ян юхьаниги, хъурщунги рос рукъалде инч1ого, ай дин бац1ц1адав муъминчиясе, г1елму г1амал рекъарав г1алимчиясе, хасго Аллагьасул хирияв валиясе, гьел ралагьун, жал къват1ир рахъани, ц1ер г1адин къороллъуда хут1изе ругел, гьаб заманалда релъаралниги камиларин.
Амма, ясал, руччабазе ц1акъго хирияб ккола дунялалъул буголъигун берцинлъи, жал рац1ц1адал муъминзабаздасан, авлияаздасан ясал, руччабазда ч1вала гьардухъабазул мах1, гьел ккола дунялалъул дагьал къоязухъ абадияб рукъ хисарал. Гьединазул ригьин, даран нахъе ч1варазул талих1 къвина. Гьел ккола т1адег1анав Аллагьасдасан жодое щвезе рук1арал хиралъаби, рах1матал, х1икматал, живго т1адег1анавги, хирияв Аллагь вихьиги, нахъе ч1вараздаса. Алх1амдулилагь. Бат1и бат1иял харбал рук1уна Ахираталда рос ч1ужуялъул гьоркьорлъабазда хурхарал гьелда хурхун гьаб баян щвана макьида дие.
Киг1ан манзил гьоркьоб кканиги, бералги къанщун, рагьун реч1ч1изарураго, бералдасан черхалде рач1уна хъах1ккарал бакъул ч1орал г1адал, гьез керен бет1ералда т1ад бетизабула нуралияб хьухь, гьеб т1ад жемардула, кьуркьудула гьелъ бицине лъалареб ц1ик1к1араб асаралда лъик1аб лъик1аланго т1ат1ала ккезабула черх гьелдаса к1удияб ниг1мат Аллагьасдасан алжаназде муъминзабазде гьеч1о, живго т1адег1анав хирияв Аллагь вихьи тун бат1ияб.
Т1адег1анав Аллагьас киналго т1орит1айги, живго вихьулев муъминзабазул нухалда. Амин, Амин. Т1адег1анав Аллагьас т1абиг1аталда бижун гьеч1о инсанг1ан хирияб жо, т1асан хъалалъ вахчарав, жанисан жив чорокав. Инсан хиралъиялъе сабаблъун ккола г1акълу. Кинабго бижиялъе г1иллаги Аллагьасул т1адег1анлъи, хиралъи, х1ал к1веялги рихьизари, жиндирго т1адег1анав Аллагьас лагъасда гьоркьов чи кколаро, лагъас гьоркьов чи ккуни ширкалдаса рик1к1уна, гьединаб къот1и бугин Къуръаналда гьабураб. Т1адег1анав Аллагьас лагъасда ц1ехоларо т1адег1анлъи, бечелъи, г1елмугин институтал, жив разияв х1алалъ хьвадарасе рагьула жиндир рах1матал, х1икматазде нуц1аги. Гьеб рагьухъе ккарасе лъуг1ула дунялалъул хиралъигун берцинлъи. Дунял бокьиги, Аллагь вокьиги цо рек1елъ данделъуларо, дунял бокьун ккарасул ахират борч1ун ккола, паналъун унеб х1айван г1адин теч1ого, Алжан жужах1 бижана, кверщел халкъалъухъ тана. Кинабго цебехун лъан, азалалда гьеб хъвана. Ц1огьор, хъумур вук1ине азалалдаги хъван, хадув ц1адаве рехи дие данде кколаро, жиндирго х1укмуялде данде рагъал гьаризе Аварагзаби рит1и г1акълуялъ биччаларо. Бокьа бокьараб гьабизе ханасул кверщелги кола, Аллагьас хъван бугоян х1арамал жал гьариги, Аллагьасда бугьтан лъей къосеналдасан ккана, къадаралъул г1елмуги, бат1инияб балъгояблъун ккана, хут1ана.
Къадаралда т1асанги хабарги, мац1ги ц1уне. Дирго мац1алъ дунго ч1вай г1акъилас биччаларо, халикъасда г1айибги рехун г1абидги ворч1иларо.
Бит1араб бицани, дунги рихуна гьереси бицине, нилъее изну гьеч1ого гьересичиясда Х1абибги вихьиларо, иманалъул бец1лъиян рехсон буго гьереси, хабалъ г1азаб ц1ик1к1араб нажасила гьереси. К1удиял мунагьазул эбел ккола гьереси, х1арамал г1амалазе сабаб ккола гьереси, ч1аго хваралъ рик1к1унеб калам ккола гьереси.
Х1акъаб бицун к1алъазе толеб гьеч1о гьерсаца, гьереси бицаниги божулел г1емерлъиялъ. Х1акъаб дингун, рит1ухълъи т1иналде т1ерхьун анна, т1орахь кинниги квешлъи т1асан лъедолеб ккана, гьезда данде вагъизе гьунар, къуват дир гьеч1о, хазина г1елму гьеч1о, дийгоцин г1акълу гьеч1о, гьел т1ок1лъаби гьеч1они, хадув чи вилълъунаро. Гьединаб г1адат ккола кидаго дунялалда. Воре, рак1алде ккоге Х1абибасда лъаларин исламиял халкъазул харбал, гьесда рихана, Мух1амадрасулулагь гьездалъун пашманлъула.
Боц1и мал кодоб щведал, г1адамал хисардула, кванил руссун лъик1лъидал, гьесда к1очон тола живго вижарав Аллагь, живго гьавурай бабу, арабги к1очон тарав, щваралъе щукру гьеч1ев, квешаб жо ккола махьа, гьелъ х1алалда толаро хиялал, г1емерлъула, хвел хобги к1очон тола, цебе дунял т1урула, хадув жив векерула, кодоса гьебги борч1ун, молода вахун ккола халатаб сапаралде.
Ц1идасан байбихьула, ракьул чохьонив жанив мунго цох1о хут1ана, ц1орораб черхалдаги г1акълу лъайги бач1ина, бич1ч1и лъайги дуе кьела, мац1 лъаларин ворч1иларо, нукар накир т1аде щвела, дур г1амалазда релъарал сипатазда т1алкъен ц1алун, малъулеб г1ундузда раг1иларо лъик1ав чи вук1анилан, гьересияб нуг1лъиялъ хвасарлъиги щвеларо. Гьанже пуланав инсан, Аллагь дуда гурх1айги, Аллагь гурх1улев х1алалъ мунги хьвадун ватани, ч1аголъиялъул залим, ракьул чохьонив пакъир, чанги ч1ух1арал лугби х1арпидеги сверила, х1апарабаз дур гвангвараги расандун, убач гьабун, ч1ик1к1ун лъела, дуца мунгоги кванан, рак ракьуде сверила. Х1исаб гьабе х1асилалъул, хвелги г1ела, г1ураб ваг1за г1ищкъо бугев чиясе. Дуе ваг1за хабар ккана, ишан диде босун ккана, дир гвангвараги ч1ик1к1ун, мурадалде гьел щвеладай, дидалъун беэнлъи щун хоб  ракьго бахиллъиладай. Г1алимзаби х1айранлъулел, х1усудалъ жал хисардулел, х1икматал дуй рагьаниги, гьеч1о суфий дуй кант1и.
Гьанже ирга щвана т1арикъаталъул бицун, гьанжесеб модаялда жинца раг1ад рехулеб. Рач1а нужги г1енекке муъминзаби, г1акълуялъул бет1ергьаби, г1абдаласул мац1алъги х1икматаб жо бицунин щибдай киндайилан хал гьабич1ого тоге, х1акъабги бат1улабги лъалевлъун гьеч1онани, дуеги лъик1аб буго квание к1алги тун, вуц1ц1ун ч1ей, гьелъ г1узраби рахчулин черхалъул.
Х1акъабги бат1улабги лъалевлъун мун ватани, дуда т1адаблъун ккола х1акъалда нахъа вилълъине, гьебги муъминзабазул сифаталдаса кола, г1акъилал г1адамазул г1адаталдаса ккола. Альх1амдулилагь. Алагь киналго реццал дуе, дуца изну кьун, хадуб гьаб хабар къват1иб ана.
Т1арикъат исламалъул бищун бац1ц1адаб цо нух, устарзабаз жиб кьураб муъминзаби къач1алеб, гьелъул маг1наги хисун ц1ар хут1ун бугин нахъе.
Такъия лъун ч1умалккун къват1ахъ харбий хут1анин, ц1огьал муридал лъугьун камиллъанин т1арикъат.
Шарг1ияб нухги ц1унун, дин бац1ц1ад гьабич1они, гьев муъминчи кколаро, гьесул ирга щоларо сунаталгун вирдазде.
Аллагьас абураб тун, лагъас абурабги ккун, кинго мун вохуларев жагьиллъи ккола гьебги.
Вирдал кьолел щиналги камилал ратуларо, камилал г1адамаца цебего дунял тана, камилав гьеч1онани гьесдасан пайда гьеч1о. Киг1ан г1елму бугевги, т1ахьазул ц1ураб къвач1а т1арикъатги кквеч1они, гьев г1алим вахъунаро.
Т1ахьал тун т1адехунги вализабаз рагьулеб рагьо гьес рагьуларо, вализаби рахунеб макъам гьезда лъаларо. Г1алимзабазе хабар, вализабазе давла, гьеб бат1алъи батана дида гьел к1иязулъго. Камилав устар вали дунял тарал рихьана, гьелги дида Г1абдулагь г1акса рихьула гьанже. Гьале Къуръан х1адисаз бищун бецараб заман, большевиказул баркат атеизмалъ бекьараб, эбел, вац, яц лъаларел русаказул культура, къоабилеб векалъул х1абургъараб лъаралъ нилъ киналго лъедана.
Цоял гьелъ росун ана, цоял къват1ир рахъана, лъараца араб х1охьол, ч1ало т1аг1ел лъугьунаро, месед т1ад бекьаниги, пахьул месед лъугьунаро, корозиялъ квинч1ого гьеб чорок хут1уларо. Живго вакъарав чияс, ракъарал хьихьуларо, жиндилъ гьеч1ел нураца чидай канлъи кьоларо. Гьанже чорокаб дунял бац1ц1алъун т1орк1к1унаро, аттеизмалъ т1ун тараб загьру чурун унаро. Гьаб дунял гьобо ккола, киналго гьалъ хенола, гьединго дандеги кола, т1орахь квине бокьарас дугъдазарун ккве г1уркьдул, к1иялъулго х1асилги ахираталда лъала. Жакъа къали бертабалъ, метер маг1ил рукъзабахъ, рохел къварилъабаца къвал балеб дунял ккола.
Огь байтулман дуниял, мун дие кьамаргъдана, цоял дуда рек1ана, дун г1одосан хут1ана. Гьелъулъги Аллагьасул х1икматалги ратана. Альх1амдулиллагь.
Цересел Аварагасул ирсилал, г1алимзабаца, Авлияаца г1акълу кьун, бицун тун буго устарлъи гьабулев чиясул рук1ине кколилан камилал, чанго сифатал, гьел гьеч1ев чияс вирдал кьезе х1арамаб кколилан, гьесул бук1ине кколила камилаб, загьирияб г1аммаб г1елму.
Гьесул бук1ине кколила камилаб, ладунияб дунялалъул гуреб, Аллагь лъаялъул г1елму, гьесул рук1ине кколин х1икматал караматал, к1везе кколила бихьизабизе, гьел гьеч1ев, к1оларев чияс устарлъи гьабизе, вирдал кьезе х1арамаб кколилан, устар камилав валагье, кьеянги вач1ани г1алимасдасан динги камил гьабун ч1аян, гьаризе тезе кколел г1амалал Къуръаналда баянго ругилан. Жодорго мурадазе г1оло, жалго ц1унун, гьелги гьереси гьарун гьеч1ин, гьедин хъвараб бак1ан устарги камилав вук1ине кколарин, муридги муъминчи вук1ине кколарилан, харбал рицарасда хекко ракь бахана т1аде, хеккого.
Аллагьасул к1удияв вали жив дие рагьарав Аллагь жиндаса разилъаяс Алмахъалдаса Эльдарица, къах1ил к1к1алахъе вит1аниги дица т1аса вищана 1970 соналъ Ансадерил гох1да балъгояб хазинаялда релъарав Аварагасул ирсилав к1удияв г1алим, Аллагьасул к1удияв вали, камилав устар Мух1амадг1али х1ажияв p.гl. Муст1афа Унсоколо.
Дунги вит1ун ккана Альх1амдулиллагь.
Ансадерил гох1да балъгояб хазинаялда релълъарав, к1удияв г1алим к1удияв жиндирго вали камилав устарасда данде сабабалъе дун ч1вазавурав даимав Аллагьасе, даимго киналго рецал дир рахъалдасан, Алх1амдуллилагь. Алагьасул вали, камилав устарасул рук1уна камилал г1емерал сифатал хасго адабалда хурхарал, камилаб загьирияб г1аммаб г1елму. Камилаб ладунияб дунялалъул г1елму, гьебги данде кколаро, г1аммаб г1елмуялда т1ахьазда Аллагьасул камилав устарасул рук1уна х1икматал, караматал рихьула. Аллагьасул вали камилав устарасда лъала, г1адамасул киналго рахъал кумек щола, Аллагь тун цогидал рахъаздасан т1аде рач1унел жалаздаса ц1униялъе, ч1агояв вук1а, накълулъарав вук1а. Аллагьасул вали, камилав устарасул асар чанго нухалъ ц1ик1к1уна накълулъаралдаса, ахираталдасан. Алагьасул вали, камилав устар ккурав муъминчи бищун т1асияб даража макъамалде вахарав, щварав мехалъ, камилав устар, мурад т1убан, устарлъи лъуг1ун гьудуласде сверула, ч1агояв вук1а, накълулъарав вук1а. Аллагьасул вали, камилав устар ккурав, устарас ккурав муъминчиясе жиндир сильсилалги рагьулев, ай накълулъарал рехсон, арал камилал сифатал рихьана дида Аварагасул ирсилав Аллагьасул к1удияв вали камилав устар, Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амадг1али х1ажиясдасан p.гl. Альх1амдулиллагь.
Гьединлъидал, Аллагьасул вали, камилав устар ч1агоявги накълулъаравги лъик1ав ккола. Киналго ч1агоялги, хваралги устарзабаздаса хварав устарасул пайда бук1унарин, ч1агоясде руссине кколин абулесул хабарги гьесий бит1араблъун хут1ана, гьесда бихьунги лъалебги гьеч1олъиялда цадахъго.
Бихьарав лъалев дун, бихьич1есда лъаларесда нахъа вилълъине г1акълуялъ виччаларо, г1акъиласул г1адатги бук1унаро. Цогиясул кьуч1 гьеч1ел харбаца, гьерсаца дир бот1ролъе нух бахъуларо, бак1ги кколаро, иншааллагь. Альх1амдулиллагь.
Аллагьасул хириял Авлияазул, Авлияал, камилал устарзабазул хвел цогиязда, балканалда релъинабулевги, живго ккола балканалдаса, дунял ахираталда. Иншааллагь. Аллагьасул вали, камилав устарасдаса жив ч1агоявги, накълулъараздасан г1емерал пайдаби щола. Камиллъи жиндилъ гьеч1ев чиясдасан пайда щоларо ч1агоги, хунги. Аллагьас къабул гьабунани вирдалъул кири щвела.
Т1аде босараб, къот1и гьабураб вирд Аллагьасе гьабулаго Аллагь тун бат1ияв г1ахьал гьавиларо, гьавунани гьеб ккола Аллагь т1аса лъугьунарев ширкалдаса . Бегьулин абулев ккани, гьесда къомех лъик1 щайт1анан абе.
Т1адег1анав Аллагьас кьезе бокьарасе лъай кьола муъминзабазе макьидалъун. Амма гьел макьилал г1адамал дунялалдаго къанаг1атал ккола. Гьел макьаби ккола Аллагьасдасан рах1матлъун жал ругел, х1икматалги к1удиял, рек1елгъеялги г1елмабаздасаги. Гьел макьабалъ гьереси, гъалмагъар, гьереси илбис, шайт1ан х1алт1уларо. Лъазе бокьаралъе жаваб щола, лъугьине бугеб жоялда хурхун, бихьани кьурич1ого лъугьуна гьел макьилал г1адамал х1ажалъуларо истихар, палихъанлъиялда. Гьел макьаби рук1ана Юсуф гl.c. Аварагасул Мух1амадил гl.c. Авараглъи кьун Къуръан босун Жабраг1ил гl.c. малаик рещт1инег1ан. Гьел макьаби рицине изну гьеч1о, лъик1аб гьеч1о. Альх1амдулиллагь. Альх1амдулиллагь.
Данде ч1вала хасго ц1алараздаса, Аллагьасул хириял авлияал, т1арикъатазул устарзабиги гьереси гьарулел, жодорго лъавукълъиялъ диналъул бич1ч1и лъай гьеч1олъиялъ. Гьединал г1адамал иман диналдаса рат1алъун хвеялда х1инкъи буго, щаклъи гьеч1о.
Гьединго дун данде ч1вана цо вирдал кьолев устарасда, цогидал гьереси гьарун, живго устарлъун рик1к1ун харбал рицунев, гьесда аск1оса иналде, гьесдасан дида бихьана лъабго кьарияб гьереси.
Гьесда лъалев ватана дир устар p.гl., гьес бицана жинда лъалилан Мух1амадг1али х1ажияв p.гl. гьев вук1анилан к1удияв г1алим, к1удияв вали, камилав устар, амма гьес кьолел жал Къуръаналъул шарг1иял вирдал рук1анилан. Дида лъалаан гьесий кьезе суал Къуръаналдаса хирияб цойги жо гьеч1олъиялда цадахъго, гьелдаса хириял дуца щиб кьолеян. Гьес рикьулел вирдал хъварал кагьтаздаги, гьелго Къуръаналъул аятал ругоан. К1иабилеб гьереси гьес бицана жиндихъе устарлъиялъе изну гьесги, досги кьураб гьеч1илан. Жиндие изну кьураб бугилан Аварагас гl.c сваказег1ан рукъалъул бук1нилъги ч1ун, сваказег1ан г1ибадат т1аг1атги гьабун, гьарунан. Гьес рикьулел кагътаздаги ругоан гьесул сильсилатал устарзабазул, гьединал гьерсал рицине сунца гьев т1амурав, камилав чиясул гьединал пишаби рук1унаро мунагьал чурайги гьесул, гьесдасан рач1араздасанги раг1изе бегьула гьединал харбал.
Бокьараб бицине бегьула дица, бицараб уян кколел г1адамазе х1акъабги, бат1улабги бат1а бахъизе лъаларел. Гьединал г1адамазда рес рекъола Г1али х1ажиясул p. гl. гъосолъ бук1ун т1от1оца, т1огьолъ бук1ун найида, рогьо къабих1аб бала ян, ай чорокан, гьезул хабар релълъана бецав чияс канав чиясда бецукан рогьо баялда. Гьезда лъаларо жибго жибго биччани, ябу чуги бергьунеблъи. Гьезда лъалеб гьеч1о гури дунял бокьиялъги, кин батаниги данде гьабеялъги, жагьилал, лъавукъал г1адамаца гьеч1ел сифатал гьареялъги, рияъ, ц1ар рецал рокьиялъги, жал гъанкъулел рук1ин. Гьезий бокьула кинабго г1елму жодода лъаялдалъун лъуг1изе, жодор г1акълудалъ букъизабизе, гьезда лъалебги, бихьараб, раг1арабги гурони гьеч1****и т1адег1анав Аллагьас г1елмабиги, рах1маталги, х1икматалги гьеч1ездаго релълъарал, ц1акъго мукъсанал рук1инаан. Аллагьасги абун бугин киналго ралъадал цойги нухалъ ц1ик1к1инарун, щакъилъун хъваниги лъуг1уларилан жиндир х1икматал. Гьез Аллагьасул дин рекъезабула, жододаго гъорлъ бокьарал харбал рицун, гьел хабарчаг1азда лъалебани жодор хабаралъул кьог1лъи, квешлъи, гьез жодорго мац1ал х1анч1ун, дорег1ан рехилаан. Авлияазда т1асан гъибат бугьтан гьабулеб мун к1алдиб бокьилароян.
Гьезул хабар релъана гъалбац1алъул к1алдиб т1илал регьиялда. Гьел гаргаданазда лъалеб гьеч1о гури гьерсихъаби авлияал рук1унареблъи.
Гьерсихъаби авлияазул даража макъамалде рахунареблъи. Гьел гаргарухъабазда лъалеб гьеч1огури, т1адег1анав хирияв Аллагьасниги Аллагьасул хирияб Къуръаналъниги, Аллагьасул хирияв Расуласниги, Аварагасул хириял Асх1абзабазниги, Аварагасул ирсилал Аллагьасул хириял Авлияаздасанги, ай жодое изну гьеч1еб жодохъе щвеч1еб жо гьересиялдалъун, Аллагьасул хириял Авлияаца х1алт1изабулареблъи. Хьиндал к1к1алабахъ рук1арал Аварагасул ирсилал, Авлияал, камилал устарзаби Аллагьасе хирияллъунги хут1ана, Аллагьас ц1унараллъун хут1ана. Авлияазда, камилал устарзабазда т1асан к1алъаялги гьал жавабаца гъанкъана. Дунги мискин иргьани Авлияал, камилал устарзаби ц1унун к1алъан анна, Аллагьасе г1оло, хьиндал к1к1алабахъ рук1арал Аварагасул ирсилал, Аллагьасул хириял Авлияал, камилал устарзабазул канлъи нур кунч1и свинабуларо. Хъах1иб к1к1алабахъан пулел кьуч1 гьеч1ел гьураца Иншаалагь.
Дунялалдаса накълулъарал киналго г1елму, г1амал рекъарал г1алимзабазул хириял Авлияазул, камилал устарзабазул даражаги г1емер гьариги, рорхизариги, даимго гьезда хадур рилълъарал ч1агоялги, накълулъаралги киналго муъминзабазулги мунагьал чурайги. Дунялалдаса накълъулъарал г1алимзабазул, Авлияазул, камилал устарзабазулги даража г1одог1анавги, т1адег1анавги Аллагьасда лъала, Аллагьасда цере рахъарал мехалъ лъала, гьезул судья т1адег1анав хирияв Аллагь кколевлъи. Т1адег1анав Аллагьас исламиял г1адамазе, халкъазе изну кьун гьеч1о нижерал нужеразда рикьаби гьаризе. Ва амма, нилъеда рихьула, раг1ула рикьалабиги, раг1и данде ккунгут1иялги, цоцада жанир тунка х1унсиял рагъалги. Щивасе къвариг1ун буго харбалги рицун, диналда нахъа рахчун, т1адег1анлъи, к1одолъи, рияъ, ц1ар-рецц, боц1и-мал кин щваниги, т1аде ц1алеб буго дунялалъул чорокаб ц1axa.
Аварагас гl.c. бицун буго дир умат 73-го бут1аялда рикьилаян, гьездаса цо бут1а суннаталъул агьлу гурони алжаназде инароян. Гьел раг1абаздасан бич1ч1ула Алжанал рац1ц1адал г1адамал руссунел бак1ал рук1ин. Кьищни балел свалкаби гуреллъи. Аварагас абун буго цересездаса г1емерисел ина Алжаназде, Ахирисездаса къанаг1атав инаян.
Дидаса рик1к1алъанаг1ан цоялдаса цояб квешаб гуреяб замана бач1инароян. Аварагас  гl.c. бит1араб нухалда т1орит1ани бит1араб бац1ц1адаб диналде, Аллагь цо гьавиялде ах1ана, Аллагьасул амру изнуялдалъун рагъал гьаруна. Аварагас гl.c ч1умазул вирдал кьеч1о. Х1акъикъаталда, т1арикъатал раккун руго Аварагасул Асх1абзабаздасан ай Аллагьасул диналъе квер бакъи гьабизе, цояс цоясда т1адкъалаго изну кьолаго. Аварагасул ирсилал, г1алимзабазул, Аллагьасул хириял Авлиязул сильсилал лъугьун.
1970 соналъ дица дир устарасда гьикъана т1арикъаталда т1асан 90 сониде г1умру щварав к1алги ккун вугев, Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амад г1али х1ажияс p.гl. бицана т1арикъаталъул г1елму жинда г1адин лъалев чи дунялалдаго вугодаян кколин жиндаян, гьедин лъазабун бугин жинцаян. К1удияс рек1ехъе бицана жиб жиб т1арикъаталъул устарзаби. Дица гьикъана ахир заманаялъ рук1инищ устарзабиян к1удияс жаваб кьуна рук1инаян. Ч1ух1арал хъулби ралесдаги абула устаран, ахил къадал ралесдаги абула устаран, ч1ух1арал хъулби ралел ккола Аварагасул ирсилал, Аллагьасул хириял Авлияал, камилал устарзаби гьездасан пайда щола ч1агоял рук1а, накълулъарал рук1а. Ахил къадал ралел ккола камилал гьеч1ел, вирдал кьолел, гьездасан пайда щоларо. Аллагьас къабул гьабунани, Аллагьасе г1оло т1аде босараб вирдалъул кири щвела устар камилав вук1а, камилав гьеч1ев вук1а, ганч1ида цеве ч1ун къот1и гьабуниги т1убазе т1адаблъун кола, гьабураб къот1и устаран абула къадал ралесда, г1елму малъулесда, вирдал кьолесда, ай цожо жинца х1алт1изабулев чиясда.
Аллагьасдаги божулев, аварагасдаги нахъ вилълъунев, гьабеян абурабги гьабулев, теян абурабги толев чиясда абула муъминчиян.
Аллагьасдаги божулев, Аварагасда нахъаги вилълъунев, гьебго заманаялъ пасатал, х1арамал, диналъ гьукъарал г1амалаздаги хьвадулев, чиясда абула: пасикъилан. Ц1адал рала, иххал рахъун г1оразде сверула, г1орал ралъдалъе руссуна. Исламалда жанир чан рикьалаби ратаниги, жал рац1ц1адал, гьел Аллагьасде руссуна. Исламалда жанисан рикьалаби ратаниги, гьезул бищун бац1ц1адаб т1орк1к1ел ккола т1арикъат. Альх1амдулиллагь.
Исламалъул рикьалабаздаса цо рикьи, нух т1арикъаталда жанир руссуна камилаб иман, такъва, их1сан, суннатал адабал гьарулел г1амалазулъ рит1ухълъи, ващалъи, вац1ц1алъи, устарасда нахъа вилълъун, т1аде босараб, къот1и гьабураб вирд т1убай. Т1арикъат ккурал г1алимзабаца, т1арикъаталъул устарзабаца, гьезда нахъа рилълъарал муъминзабаца г1адин динги гьабуларо, гьарулел г1амалазулъ рац1ц1алъиги ц1унуларо цогидал рикьалабаца, исламалъул рикьабаздаса цо рикьи нух т1арикъат кола, киназдаго т1адаб, киназего г1аммаб, хасал г1адамаца кьураб, исламалъул меседил мали устарас жиб ч1валеб, муъминзаби рахине, харизе Аллагь лъаялде, Аллагьасулгин гьоркьолъиялде щвезе.
Амма гьеб меседил молодасан рахунаро жал рац1ц1адал, жодое насибал Аллагьас хъварал муъминзаби гурони. Аварагасул ирсилав, Аллагьасул вали, камилав устарги релълъуна къилба бихьизабулеб компасалда, динияб Аллагьасул вали, камилав устарги ккола гьеб молодасан харарав, вахарав, Аллагь лъаялде, Аллагьасулгин гьоркьоблъиялде жив щварав, гьеб нухт1асан жинца муъминзабиги т1орит1улев.
Гьеб нухда Аллагь тун цогидал рахъаздасан т1аде рач1унел балагь къварилъабаздаса жив ккурав, жинца ккурав муъминчиги, жинда ц1унизе к1олев, ч1агояв вук1а, накълулъарав вук1а дунялалдаса накълулъаниги, ахираталдасан чанго нухалъ асар ц1ик1к1унев, жив ккурав жинца ккурав муъмин чиясе жиндир сильсилалги рагьулев.
Жив ккурав, жинца ккурав муъминчи бищун т1асияб даража макъамалде вахарав, щварав мехалъ, жиндир мурад т1убан, устарлъи лъуг1ун живги гьудуласде сверулев, ч1агояв вук1а,накълулъарав вук1а. Т1адег1анав Аллагь разияв х1алалъ хьвадарав, жив ккурав, жинца ккурав муъминчиясдаса Аллагьасул вали, камилав устар разилъула. Аллагьасул вали, камилав устар разияв х1алалъ хьвадарав муъминчиясдаса т1адег1анав хирияв Аллагь разилъула. Аллагьасе г1ибадат, т1аг1ат бац1ц1адго гьабулаго данде ч1вала бат1и бат1иял зах1малъабазда, гьеб бак1алда камилав устарасул кумек щола, ч1агояв вук1а, накълулъарав вук1а. Гьединго данде ч1вала т1адег1анав Аллагьасдасанги, Аллагьасул х1икматаздасаги. Гьеб бак1алда гьоркьов камилав устар, вали лъугьунаро. Т1адег1анав Аллагьасул рагьт1е вахарав, щварав, ворч1арав мехалъ жиндирго иргаялда т1адег1анав рах1манас рагьт1е вач1арав гьобол лагъ г1аданлъи гьабич1ого, сайигъат салам кьеч1ого ч1обого нахъе виччаларо. Гьеб даражаялде вахарав, щварав мехалъ камилав устарги гьудуласде сверула, ч1агояв вук1а, накълулъарав вук1а.
Гьединал маг1набиги, сифатал, х1икматалги рихьана дида исламалъул меседил мали т1арикъаталъул.
Т1арикъаталъул устар, Аварагасул ирсилав, Аллагьасул к1удияв  вали вук1иналъун. Алх1амдулиллагь. Дир гьаб биценалъ х1алт1уларо дунго бет1ергьанав гурел жал, раг1арал рук1а, т1ахьаздасан бук1а, дир гьезда х1ажалъиги гьеч1о, киг1ан дагьабг1аги. Дица гьалда ц1арги тана т1арикъат ва х1акъикъатан. Бихьарав лъалев, бихьич1есда лъаларесда нахъа вилълъине г1акълуялъ биччаларо, г1адатги бук1инаро, цогиясул кьуч1 гьеч1ел харбаца дир бот1ролъе нухги бахъуларо, бак1ги кколаро. Гьебго заманаялъ: Аллагьасул наг1ана щибаб лах1заталъ жинда щваяб, кинабго бихьулеб, лъалеб, рик1к1ада бак1лъараб иблисалъ бугеб къуват рехула т1аде бищун т1асияб даража макъамалда кверал рарал мехалъги, кверал мерхьун гъоркье вортизавун, гьалаг гьавизе. Дарай, харай ххамазул рет1ел рет1ун, меседил корона бот1рода лъун, гьеб малг1ун сверун лъугьуна черхалъулги гьайбатлъи, гьумералъул берцинлъи, беразулги чалухлъи, гьелъул берал т1ад щведал парпадула пикру, рак1, г1акълу лъайги г1унани, иманги бергьанани, гьелъ ч1олорхъо баларо, кьили лъун рек1унаро, дун зиначи гурилан, кьварараб жаваб кьедал, кьурун т1адеги буссун, пашманго нахъе уна, гьумералъул х1ал рак1алъ маг1у т1олаго. Гьаваялда рехараб т1амхида черх релълъуна, г1ибадат т1аг1елалъе свак, к1вах1аллъи лъаларо. Аллагь лъаялдеги, мун мурад т1убан вохидал, дуг1адулъ дунги рехсе.
Данде ч1вала дин чаг1и ахираталдаса хабар босун вач1арав вихьизе бокьарал, гьединго илбис, щайт1ан бук1унеб батани щай цониги бихьулареян абулел, гьеб ккола Къуръан дин гьереси гьабиялдаса гьев къосана, капурлъана, гьесда т1адаблъун ккана камилаб тавбу гьабизе, лъавукъаб мац1 х1анч1ун, рехун. Кин гьеб малг1ун бихьилеб киналго гьелъул диналде руссун, х1алт1и гьеч1ого х1алхьиялда гьеб жаниб ч1ун бук1аго, гьеб бихьизе бокьарас гьелъул диналдаса ват1алъун бац1ц1адаб г1ибадат т1аг1аталда т1ад ч1ей гьабе, гьеб бихьулеб даражаялда макьидаги лъавудаги бихьила, дурго пасатал, х1арамал г1амалазул к1удияб гьудул. Иншааллагь.
Цо къоялъ Малланасрудиница г1адамал махсароде ккунила кибалиго ч1обого бикьулеб кьолеб жо бугилан, г1адамал рекерун унел рихьаралго хадув живгоги векеранила, гьеч1****и г1адамалги инароанилан. Рач1а гьединаллъун рук1инарин, рач1а Аллагьасулгун, диналъулгун махсараби тезин. Ханас цо къоялъ г1ундул кьурун басра гьаризе гурин. Рач1а нилъерго дин лъазабизин, х1акъабги, бат1улабги бат1а бахъизе лъазабизин, мошенниказ, атеистаз, иблис, шайт1ан кьуг1аб хвалица гьоркье рехич1ого, ахираталда рахъун ккезе. Гьеб заманаялъ Исламалъул рикьалабаздаса бищун бац1ц1адаб т1арикъаталда сверухъ гьарулел махсарабазул г1емерлъи, дие данде кколеб кинабго, дин кколареб вон капурчиясухъго.
Т1адег1анав Аллагьасги абизе буго капурчияс лъач1ого гьарунин мунагьал, дуца вохун хинлъилаго гьарунин, г1одилаго вит1арилаго жужух1алде лъугьаян, Аллагьасул раг1абаздасан гурх1алил мах1 ч1валеб гьеч1о.
Капурчиясе кьолареб г1азаб кьезе бук1ин гуреян. Аллагьасе г1оло такъва, адабалдалъун цо мунагь гьабич1ого тей лъик1 ккола, азарго лъик1ал г1амалал гьариялдаса, квешлъиялъул мах1, кьер, асар бигьаго холарин. Воре, воре, Аллагь гурх1улев вугилан, Аллагьасда божун ч1оге, гурх1елалъего г1адин, Аллагь г1адлуялъеги ц1акъав кколин.
Т1адег1анав, хирияв Аллагь жиндаса разилъаяв, Аллагьас жиндир даражаби г1емер гьареяв, Аллагь жиндир умумузда, агьлуялда даимго гурх1аял, исламалъул байрахъулав, марк1ач1ул ц1ваян жинда абулев вук1арав Г1абдурах1ман х1ажияв сугъуриясдаги, гьесда хадур рилълъараздаги, чанго росабаздаги хъанчилаб пачаясул х1укуматалъ гьарурал зулмабазул хабар к1удияб ккола. Гьел сонал ккола имам Шамилидаса p.гl. хадусеб замана, Сугъурияв p. гl вукъун вуго гъоркьа Гъазанищив, Аллагь гурх1айги гьезул уммумузда, росдал агьлуялда. Амин. Бицен раг1ана пачаясул хъулухъалда вук1арав гъоркьа Гъазанишиса чиясда инсуца абун бугилан Сугъуриясе кумек гьабич1они, мун дир вас гурилан. Сугъуриясдасан p.гl. раг1арал Аварагасул ирсилал, Авлияал, камилал устарзабаздаса цоял рехсезин, аварал хирияб Къуръаналъул шарг1иял вирдал кьурал. Къуръаналдаса хирияб цойги жо гьеч1олъиялда цадахъго. Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв жиндир даражаби г1емер гьареяв, рорхизареяв Г1ободияв ун вуго Аллагьасе г1оло гьижра гьабун Дагъистаналдаса, Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв, Аллагьасе г1оло гьижра гьабурав Шарапудин устар вукъун вуго Стамбулалда, Турция.
Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв, Аллагьасе г1оло гьижра гьабун арав, Г1абдулагь Х1ажияв вукъун вуго Дамаскаялда, Сирия. Гьев ккола Иргьани росулъа Сурхаев Мух1амадил инсул вац. Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв, Узун Х1ажияв вагъана дунялго чорок гьабураб большевиказул баг1араб чумаялда данде. Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амад устар гьерек1дерил мег1ералъул ахада, Шишилик1 раг1алда гьабураб рагъда большевиказда данде жиндир к1удияб карамат бихьарав ккун, инаго абун буго жанив хвелин, хоб жиндир росулъ бук1инаян. Жанив хун, т1ад вуссинавун кьун, Балахьуни росулъ вукъун вуго. Дида рихьана гьеб рагъул г1ахьалчаг1и большевиказул рук1ун руго. Азаралда к1инусго чи, анц1го г1арада, пулеметал, гьакал ц1ун цадахъ патронал, цогидабги. Росабазул дагьал г1олохъаби г1ахьаллъун руго рагъда, г1ахьут1 тунк1алгин бергьунарилан, к1инусго чи рахчун ч1ун руго устарас т1аде аян лъазабурабго, т1аде ун рагъ гьабун буго, дагьал г1адамаца рагъ лъуг1ун буго, чанго минуталда жаниб большевиказул нахъе чи хут1ун гьеч1о. Росабалъе рач1арал г1олохъабазул ч1варалниги, лъукъаралниги камун руго анкьго чи, большевиказул г1емерав чи т1урун унаго, лъач1ого к1удияб борхалъудаса гьоркье, рагъдаго г1ахьаллъич1ев к1инусго чияс ч1варал большевикал, т1аса рет1ел бахъун чехун ран руго. Т1аде щванила устар Мух1амад, устарас абунила дица лъазабун бук1анилан шарг1алдаса бахъараб жо гьабугеян, талих1 къине бугилан, ножоцаян абунани хварал жаназаби инжит басра гьарун ругилан, гьанже дунги нужги ращалъанилан. Гьанже талих1 къванила, жакъа къоялдаса дирги ножорги гьалмагълъи лъуг1анаян.
Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв Кванта х1ажи ккана имам Шамилил р.г1.чи. Устарас бицана Имамас Кванта Х1ажиде кагъат бит1ун буго Ах1улгох1дасан бихьинал, руччаби цадахъаб свери к1анц1и, зикру бачунаго шарг1алда данде кколарин, теян кагъат щварабго Х1ажи вач1анила муридзабазул к1удияб къукъагун. Ах1улгох1да Х1ажица имамасухъе кьун буго гьит1инаб гъутухъ (коробка.) Рагьун балагьидал имамасда батанила свинч1еб ц1адул х1енех1ги, лъимги цоцада хъвач1ел. Гьеб караматалъул маг1на ккола гьедин ц1унизе к1олин шарг1алда данде кколеб х1алалъ муридзабиян абураб, гьеб лах1заталъго Х1ажиги муридзабиги сверизе лъугьанила, х1урде сверизабунила Ах1улгох1, жиндаго лъач1ого имамги жуванила гъорлъе к1анц1изе, сверизе, т1аса т1агъурцин бортун ун бугилан.
Устарас бицана рагъ лъуг1араб мехалъ Аллагьас х1инч1 гъедоги т1аде т1амун, гох1т1аса капурзабазул ракьа гьан к1к1алабахъе банилан. Хадуб к1удияб ц1адги бан, Ах1улгох1 бидаса чуранилан, Ах1улгох1да ине бугеб дир пикру лъан, устарас абуна воре мун гох1да халалъугеян, шагьидзабазе ц1акъ бокьуларилан. Зияратал гьариги ккола хириял суннатаздаса, гьелъулги ккола жиндаго хурхарал сифатал, адабал коммунистияб заманаялъ гьукъараб бук1ана цадахъал зияратал гьари. Амма, гъоб заманаялъ диналъулги Ах1улгох1алъулги къимат къадро г1емерго бук1ана, жакъа гьаб бокьухъе биччан тараб заманаялдаса, гьелъие г1иллалъун бук1ана церехун рук1арал г1адамазул асар, коммунистияб режималъе, Аллагь динал гьереси гьарулел, рокьулароян пасалъаби, х1атта, данде рагъ гьабулаан чорокаб демократиялъул баркат гьеч1олъи Ах1улгох1алдаги щвана, Ах1улгох1 релъинабуна лъарас лъараб бицине, докладал гьаризе данделъулеб Собраниялда, Ах1улгох1да цояз цоял ц1ан унезда лъаларо зияраталъул адабал, гьединго лъаларо хоб бугебги, гьеч1ебги бак1. Бицен батана:солдатал квана гьекъолел мехалъ, муридзаби нат1ица ракь бухъун, хварал рукъулел рук1анилан. Кинал ругониги х1арамлъабазда ругезе, рияъ, бидг1а, г1адат чаг1азе рокъого ч1ей лъик1аб кола, бегьиларо шагьидзабазул рах1ат хвезабизе, мунагьалъулъги ккун, т1адруссине инч1ого. Аллагьасе г1оло такъва адабалдалъун цо мунагь гьабич1ого тей лъик1аб кола, азарго лъик1ал г1амалал гьариялдаса. Устарас бицана гьаб Кванта Х1ажихъегоян бачунеб г1улулагь бегьуларилан, бегьизе кканани гьел рахине кколилан Кванта х1ажил даража макъамалда. Гьеб бачуна чачаназги, хасал г1адамазул баркат гьеч1олъиялъ цебеги гьанже нахъеги чачаназда бихьанщинаб цогидал халкъазда бихьарабани, нодо г1одоб ч1валев чиго хут1илароан. Дида бихьана чачаназ гьабулел кумек, адабал дида бихьана чачаназул руччабаца бихьиназул гьабулеб адабал, дида бихьана чачаназул лъималаца, нусабаца, эбел инсул гьабулеб адаб хатир, нилъ кинго релъунаро гьезда.
Бицен батана Имам Шамилица абунилан жинда лъалел рук1аралани чачанал, чачаналъан байбихьилаанилан, чачанал хилиплъизе рук1инч1о имамасе. Имам Нажмудин p.гl. чачаналъ вук1ин лъан, большевикаца зулмаби гьарун росаби рух1аниги, чачанаца живго кверде инег1ан имам кьун гьеч1о большевиказухъе. Чачанал ккола исламалъул сунареб т1аг1унареб меседил фонд. Нохчиян ах1ани,щиб дуе,землякан,абун хьолбохъ эхетула чачанав. Х1ежалде арав мехалъ, дун цадахъ ккарал ункъо чияс дие paxlaт  толеб бук1инч1о мун квана гьекъолев гьеч1илан ургъунго, мун унтани, г1одов ккани, жодоца миллат гьабизе гьеч1илан, гьезул гьеб хабар ч1алг1арав дица абуна дун нужер кумекалдеги божун къват1иве вахъарав чи гьеч1илан, нагагь гьедин кканани нохчиян ах1еян. Г1езег1ан манзилалъ довег1ан инев вук1арав лъик1ав г1олохъанчи ч1ана хьолбохъ, щиб дуе, ракьцояв абун (землякан), гьесда гьаз гьабулеб бугеб хабаралъул бициндал чачанас абуна ракьцояв (земляк) ниж пуланаб бак1алда ругилан щиб кканиги, щиб къвариг1аниги мун нижеда аск1ове вач1аян. Т1адег1анав Аллагьас чачанал ц1унайги къосен балагьалдаса, дунял ахираталда Амин.
Араб г1асруялъул къоабилел соназ т1адег1анав Аллагьасдасан рах1матлъун г1алимзабазда, Авлияазда балагьал рещт1арал заманаялъ заг1иплъарал, диналдаса гьет1аразул мац1илал соназ бица белъараб ЧКялъ ккун инаго, лъараг1лъиялде щолаго, чода т1ад вук1аго цереккун квералгин Аварагасул ирсилав, Аллагьасул к1удияв вали, камилав устарас Ражабилас Г1абдулагь х1ажияс гьаранила я дир Аллагь дир диналъе мукъсанлъи ккезе батани дун нахъе вачиян. Гьеб лах1заталъго цояб рахъалдеги гьет1ун унаго гьимулаго абунила я дир бет1ергьан г1ажалалъе сабабги бук1ун буго гури дуран. Мун дида  гypxla рах1ман киналго рецал дуе ругоян.
Гьеб хабар жинде щварав Щура окружкомалъул председателас жиндирго тачанкаги бит1ун т1адвуссинавун Генув вукъун вуго. Г1абдулагь х1ажиясул караматазул харбал г1емерал руго гьес нахъе тараздаса ккола лъимго гьеч1еб бак1алда гьес къулг1аги базабун къулг1а лъуг1араб къоялъ гьес г1анса тункараб бак1алдасан к1анц1ун бач1араб лъеца х1алт1улеб нахъе бугеб къулг1а гьединго Генуса т1аде Хъаранисан т1аде нух бахъулаго нух рагьун цояб рахъалдеги ун гьоркьеги инч1ого ч1ун бугеб к1удияб гамач1 Г1абдулагь х1ажияс p.гl. г1олохъанчи г1елалдего устарлъи гьабизе т1ад къан буго Мух1амадг1али Х1ажиясда p.гl. Унсоколо. К1удияс гьеб загьир гьабун гьеч1о к1икъойидаса г1умру сонал араб мехалъ гурони.
Гъобго бица белъараб ЧКаялъ ккун арав т1ад вуссун вач1ун, к1иабизеги вит1ун унаго т1овит1изе къват1ир рахъарал г1адамаздехун вуссун к1удияс абунила воре, воре ножоца гьасин досилан абугеян, дун унев вугилан гьаниса ризкъи лъуг1ун, дирго ризкъиялда хадув вит1ун Аллагьас. Нух бачине хъулухъалъе г1адамалги кьун, нахъеги гьанисан ризкъи батани т1ад вуссунги вач1инаян.
Карагандаялъул туснахъалдасан комиссар Мах1ач Дахадаевасул вацг1ал Къебед х1ажияс бач1араб кагътида бугоан: «Росулъ вук1арав мехалъ жинда Мух1амадг1али х1ажияв лъалев вук1аравани, жинца гьесий гьабизе бук1анилан хъулухъ», Мах1ачие гьабич1огоян, к1удияв гьаниса туснахъалдаса т1аг1анаян, гьенисаги заманалдасан т1ад вуссун вач1арав к1удияв накълулъана 1970 соналъ. Унсоколов к1удиясул дунялалъул рахъ лъалел г1емерал руго нахъе, бат1иниял рахъал лъалездаса дунги кола, к1удияв накълулъаралдаса гьесдасан рихьарал х1икматал караматазул бицанани, гьеб ккола к1удияб хабар, гьел гьунарал ц1арал ах1иги гьел хъварал т1ахьалги ц1акъго рокьуларевлъун к1удиявги вук1иналда цадахъго.
К1удиясул эбелалъул яцалъ бицунаанила гьит1инав чи берталъ къват1ив вачарав мехалъ, бертахъ балагьич1ого рокъове вачинавулаанилан, яги кодов кьижулаанилан, г1адамас абич1ого сунатго гьабич1ев чи, живго хьвадун Къуръан ц1аланилан, кидаго г1умруялъ гьединаб бук1ана к1удиясул дунялалдехун балагьи. К1удиясул заманаби рук1ана хасго гьев г1адазе ц1акъго зах1матал, коммунистияб режималъ рагьунги, балъгоги Аллагьасда, диназда, диниял г1адамазда рагъ лъазабураб. Москваялъ килищ къот1еян лъазабидал, нилъераца бет1ер къот1улеб, партиялъ абураб уяб, цогидаб гьереси, динал малъизе гьукъараб, мажгитал ч1вадназде сверизарураб, диниял г1адамазда рогьрал ралеб, рух1аниял ч1ух1наби, фанатикалин.
Инсан маймалакалдасан лъугьанилан, г1адамал маймалакалда релъинаризе лъугьараб, большевиказул, коммунистазул гьабзаца ЧКА КГ(б) ялъ хенарал г1алимзабазул, Авлияазул къадар Аллагьасда лъала.
Диналдаса гьет1араз рехараб батани гурони, к1удиясде мугъ рехулев чи вук1инч1о, к1удиясул раг1и рехулев, нахъе ч1валевги вук1инч1о. К1удияв гьоркьов лъугьани, сунареб питнаги, кколареб рекъел, маслих1атги бук1инч1о. Х1ата, цо цо питначаг1аца к1удиясда цебехунго лъазабулаан гьоркьове лъугьунгеян, гьесул адаб танани, Аллагьасдасан балагьал рещт1иналдаса х1инкъун, к1удиясул араб г1умру, г1елму, г1амал хьвадиялда т1асан к1алъалев, к1олевги вук1инч1о, к1удиясул бет1ер бахъи бук1ана наял, боц1и, живго бет1ергьанаб хуралдаса, к1удиясул киг1ан дагьабг1аги гьуинлъи бук1инч1о чияца бач1унеб, кьолеб, щолеб жоялдехун. К1удиясе гьеб ц1акъго бокьулароан, ах1аралъув унаан, аралъув кваналев г1адат бук1инч1о, ният бугин, г1айиб гьабугеян. Аллагь жиндаса разилъаяв, дида ватана чанго соназ нахъехун, цевехун валагьун к1алъалевлъун, г1акълу дагьав дида лъач1о дие рагьараб рак1алдасан пайда босизе, адаб гьабизе. Бищун коммунистияб режим камиллъараб соназ, Хрушевас ц1идасан диназда данде рагъ лъазабурал соназ, х1ежалде ворч1арав Г1аймакиса вали т1ад вуссинч1ого, дова ч1ун, Щура КГбялъ ч1ег1ер бараб мехалъ, горкомалъ Щура мажгит къазе х1укму гьабураб соназ, Северный Кавказалъулго муфтилъун вук1ана, Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амадх1ажияв. Гьес ц1акъ ц1унун бук1ана мажгитазул диналъул къимат, къадру, гьевги накълулъана, гьесда цадахъ гьебги ана. Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амад Х1ажиясдасан бицана жив щванилан г1араб улкабазде, жив данде ч1ванилан гьезул г1алимзабазда, гьезда жаниги жинда данде ч1ванила Унсоколоса к1удиявги, Гьарак1униса к1удиявги г1адал камилал г1алимзабиян, ай Пахрудин p.гl. Дица гьикъидал Пахрудиница p.гl. бицана Мух1амад х1ажияв ц1акъго г1акъилав, ч1ух1и лъаларев, киналго рахъаз вац1ц1адав чи вугилан, гьес ч1ух1и гьабич1ого т1ад ч1ун жиндасан пайда босун, г1елму ц1аланилан.
Устарас бицана: Пахрудин p.гl. анц1ила к1иго сон барав чи Генуб росулъ наибасул писарлъун вук1анилан. Гьесдаса дагьал ц1ик1к1арал жал, гьес дарс лъезе хьвадулаанилан. Гьелдаса нахъе кинал зах1матал заманаби рач1аниги, к1удиясул г1умру анилан хисич1ого, сверич1ого цо х1алалда, ц1акъ берцинго, г1елмуялда т1ад. Жиндие вокьуларилан к1удиясда т1асан к1алъалев эменги, вацги, васгиян. Валагь лъалилан жинда ц1акъ баянго гьесдаса к1удияв, камилав, вац1ц1адав г1алим Дагъистан тун къват1ивехунги гьеч1олъиян. Воре, воре, воре дир вас ц1акъ адаб гьабе к1удиясулилан. Шураве щварав мехалъ к1удиясухъги ун дир рахъалдасан кверги бачун, Ассаламу г1алайкум ва рах1матуллагьан салам бицеян. Дица гьеб т1убана, Пахрудинил p.гl. бераздаса гъоркье гиризе лъугьана pyxlapaл маг1ил гарал, аск1ов вугесеги к1удияб асар гьабулеб синкъиялда г1одулеб гьит1инаб лъимада релъун берал рац1ц1унаго, Пахрудиница бицана к1удиявги, дунги лъимерлъиялдаса лъугьарал гьудулзаби рук1анилан. К1удиясда г1олохъанав мехалъги малаикасдаг1анги мунагь хъван батиларилан, г1елмуги к1удиясул ц1акъго камилаб бук1анилан, хадув к1удияв т1убанго суфирлъиялда анилан. Жив г1елмуялда хут1анилан, херлъиялъ жал цоцадаса рик1к1ад гьарунилан. Амма рак1ал цоцадаса т1езаризе гьелда к1веларилан.
 Бицана, ана Аварагасул ирсилав, к1удияв вали, камилав устар Мух1амадг1али х1ажияс p.гl. Аварагасул ирсилав, к1удияв г1алим Пахрудиние кьураб къиматалъул. Т1адег1анав Аллагь разилъайги гьездаса, даражаби г1емер гьариги, рорхизариги даимго, Амин. Пахрудинил жаваб раг1изе бокьун дица абуна к1удияв цо ц1алараз, г1алимзабаца дуда нахъасан вагьабиявин абулаян, к1удияв гьит1инаб лъимадухъ кинниги дихъги валагьун, ургъел гьеч1еб релъиялда недегьго велъана, г1алимасда рекъараб адабалда к1удиясда ц1акъ лъалаан дидасан раг1аниги гьел раг1абазул бет1ергьаби, цогиял рук1ин.
Пахрудиница p.гl. абуна гьединал г1адамазда дуца абе дир васан, расги х1инкъич1ого вугин жив вагьабиявин, дир гьанги кун жодоего балагьги гьабич1ого, мекъав нухалъ дунги виччач1ого, вит1изавизе рач1аян, абеян. Дун кколилан т1ахьазул телмач, жинца бокьараб суалалъе жаваб бихьизабилилан Къуръан х1адисалдасан, Асх1абзабаздасан, имамзабаздасан, гьезда нахъа рилълъарал г1уламаал, г1алимзабаздасан рач1арал жавабалан, ункъавгоги имамас абун бугилан Къуръан х1адисал гуреяб жодор хъваязулъ батани, жодор раг1и гурилан нахъе рехеян. Ункъавгоги имамас цояс цоясул раг1и хвезабич1илан, адаб теч1илан, ч1агояс хварасулги, гьесдаса нусго г1ан лъик1 лъалилан жинда Аварагасул, Асх1абзабазулги, Имамзабазулги хиралъиян, жив вугилан жиндиего г1оло жаваб кин кьелеяли лъаларев чи, г1адамазе г1оло мекъаб нухалъ гьелги т1орит1ун, ц1адав к1анц1изе жиндир х1ал к1оларилан.
Дица гьикъана бит1арабги, гьересиябги х1адисалги кин лъалелан, к1удияс бицана г1акълу лъай, г1елму ц1ик1к1арав г1алимас щаклъи ккараб х1адис Къуръаналда аск1обги ккун, киналго рахъалги рорцун хал гьабун Къуръаналде балагьидал гьелъул бухьен Къуръаналда батич1они, гьеб Аварагасул раг1и гурилан, Аварагасул щибаб х1адисалъул бухьен Къуръаналда бугилан. Дида чанги бихьана херлъи берцинав, гьайбатав малаик г1адав Пахрудиница г1ищкъуялда, х1еренго, баянго, къокъго бицунаго, лъолаан бокьарав чиясе точка. Дида чанго нухалъ бихьана Пахрудиница гьабураб, хъвараб дуг1а сабабалъе Аллагьас гьеб лах1заталъго жаваб гьабун, дида бихьана Пахрудинил г1умруялъул ахириял къоялги, хвелги, араб г1умру г1елмуялда релълъараб бук1ана. Дунялалдаса накълулъун хадуб, макьида вач1ун ч1ик1арулеб килищалъул малъалдасан бач1унеб берцинаб канлъухъ лъолаан Аллагь жиндаса разилъаяс дие дарс. Гьединавлъун ватана, вихьана дида Аллагь жиндаса разилъаяв к1удияв г1алим Пахрудин, вагьабияв Гьарак1униса. 1973 соналъго накълулъарав жинда т1асан гъибат, бугьтан гьарулел ругел, риччанте гьединал г1адамал жодорго рек1ел нипакъалъул унтабаца рек1ее бигьалъи гьабун, жодоего балагьалъе гъедо кинниги, гъвадилел рук1ине. Т1адеганав хирияв Аллагь жододаса разилъаяв, Аллагьас даражаби г1емер гьареял, рорхизареял даимго ухравияб рукъалда, Амин. Аварагасул ирсилав, к1удияв г1алим, Аллагьасул к1удияв вали, камилав устар МухамадГ1али х1ажияв, Муст1афа р.г1. Унсоколо, Дагъистан. Аварагасул г1.с. ирсилав к1удияв г1алим Пахрудин р.г1. Гьарак1униса. Аллагьасул к1удияв вали р.г1. Эльдар р.г1. Альмахъалдаса. Аварагасул ирсилав г1алим Муртазаг1али р.г1. т1аса Хъараниса. Жодода аск1об араб заманалда бащалъич1о дир кинабго г1умроги, дунгоги, жодор г1умроялде дунгоги щолев вугониги, жал камилавлъун, жодохъ урхъаравлъун дун хут1арав, Алх1амдулиллагь. Г1али х1ажияс p.гl. абун бугин г1алимзабигун жува гъувай, жаниб рак1 роц1ц1унеб жоян. Т1адег1анав Аллагь жиндаса разилъаяв Аллагьасул к1удияв вали, камилав устарас устарлъи гьабизе т1адкъан буго Г1абдурах1манил Мух1амад Х1ажиясда p.гl. Унсоколо Мух1амад х1ажиясул p.гl. к1удияв эмен ккола Ибрагьим шайих p.г1. большевиказул ах1иялда рекъон, Къах1иб бук1араб данделъиялда меньшевиклъун карав, хъах1аб хамихъ, бозихъ Дагъистан большевикахъ кьуни, хисани Дагъистаналъул халкъазул дунял ахират хвезабизе буго, ян данде ч1ей гьабиялъ, гъобго бица белъараб ЧКалъ ккун арав, Мах1ачхъалаялда судалъ бергьун вач1арав, к1иабизеги т1асан мац1 кьун арав, т1ад вуссинч1ев Ибрагьим шайих. Аллагьас к1алъазе ц1акъго махщел гьунар кьуравги вук1ун вуго. Устарас бицана лъабго соналъ ч1аго хут1аравани, дунялалъулго къут1бу вук1унаанилан. Мух1амад х1ажияв ккола г1одосанго г1олохъанлъи, гьекъел мехтел, гьалмагъирал гьеч1ев, г1одосанго ц1аларав, г1алимав, х1алимав, х1еренав, тамахав гьуинав, адабазда ругьунав, г1урав. Мух1амад х1ажияв ц1акъ релъуна Аллагьасул хириял Авлияазда, Аллагьасда лъала Мух1амад х1ажияв х1ажалъуларо нуг1забазда, Агитаторал гьерсихъабаз гьеч1ел сифатал гьариялда, Мух1амадил p.гl. г1одосаго вач1ин лъала нилъеда.
Бац1ц1адаб баг1араб меседалъул адаб гьабизе лъач1ев, т1ад кьер гьабураб пахьуе хъулухъ гьабулев ватулин, кида къадги коррозиялъ квинч1ого гьебги хут1уларо.
Балагь къварилъиялде ккедал устарасде ах1иялда хурхун бицен бук1ана гьединал г1адамал лъавукъав, жагьилав чияс гурони гьел гьереси гьариларо. Дица бицун тела дидаго бихьараб. 1974-75 абилел соназго дун вук1ана зах1матго унтун, унтуца к1век1улев. Бец1аб сардилъ дица устарасда, сильсилазда, Аварагасде гl.c. щвезег1ан гьарана, лъабабизе т1ад вуссун гьарулаго лъалаго гъоркьан т1аде билълъун, бот1ролъан къват1иб ана киналиго асар, гьеб лах1заталъго дунги лъугьана ц1ияв чи. Вохана къварилъана, Аллагьасе щукру рец гьабуна. Макьида живго вихьуларо, устар цим бахъараб х1алалъ къвак1изабун устарас лъазабуна мун вугев х1ал куц дудаса нусгог1ан лъик1 лъала нижеда т1ок1аб гьеб ах1и х1ур гьабугеян гьел раг1абаздасан дие баянлъана дидаго лъач1ого дун Аллагь т1аса лъугьунарев ширкалде ккезехъин вук1ин, Аллагь тун цогиясда гьаризе ах1изе бегьунгут1и. Гьелдаса хадуб х1ал бергьараб бак1 ккедал, сабру гьеч1еб мехалъ, дица Аллагьасда гьарана, Аллагьас жавабги гьабуна, жив гьоркьов лъугьине бегьулеб бак1алда устарасги рехон теч1о, чанго сонал накълулъаралдаса ун хадубги. Бихьарав лъалев, бихьич1есда лъаларесда нахъги вилълъине г1акълуялъ биччаларо, цонигиясул кьуч1 гьеч1ел гьерсаца дир бот1ролъе нух бахъуларо, бак1ги кколаро, Иншаалагь.
Бегьула гьаризе Аллагьасда, Аварагасул, Асх1абзабазул, Авлиазул хиралъиялъе г1оло гурх1аян, Алагьасда гьаризе. Гьелдаса хадуб дие баян гьабуна чанго Къуръаналъул аятал, тохтур, дару хисун муъминзаби жодоца сах гьарулел. Амма гьезги кинаб бугониги кумек асар гьабуларо Къуръаналъ абухъе хьвадич1они, жаваб гьабулеб даражаялда. Аллагьасги жаваб гьабуларо гьумер хачан, керен бухун г1одун, гьараниги Аллагь разияв г1амалазда хьвадич1они.
Динияб г1елму, г1акълу лъаялъ, г1акълу лъай лъун рик1к1унаро, кин батаниги маг1ишат гьабизе лъай, шарг1алда борцун гьабизе лъалареб жив вижарав Аллагь лъаларев, сундуе г1оло вижун вугевали лъаларев. Аллагьас т1ад лъураб дин лъаларев, жив вуссине вугев хобгин Ахират лъаларев гьеб ккола г1акъилав чиясул к1удияб ах1макълъи, жагьиллъиялъул балагь къосеналъе сабабги.
Динияб г1елму г1акъилго лъаялъ, дунялалъул г1елмаби г1елмабилъун рик1к1унаро, гьелги лъан лъик1аб бук1уна. Аттеистаз г1адин загьру гьоркьоб т1олеб гьеч1они.
Дунялалъул г1елмаби ккола Аллагьас инсанасул г1акълу сабабалъе гьоркьоб ккун, санаг1атал шарт1ал г1уц1иялъе заманаялъ жал кьурал. Дунялалъул г1елмаби ахираталда х1алт1уларо. Ахираталда т1адег1анав Аллагьас кинацаго ч1езабила жиндирго х1ал к1вей бихьизабун, жиндие бокьиялда цадахъго кин бук1ине кколеб батаниги, бук1ине кколеб х1алалда.
Динияб г1елму къвариг1уна дунял ахираталда, динияб г1елмуялъул лъуг1елги гьеч1о, живго т1адег1анав хирияв Аллагьасе гурони. Динияб г1елмуги г1адин, дин бицунеб г1араб мац1ги хирияб ккола цогидал мац1аздаса.
Аварагас  гl.c. абун буго ножое г1арабиял рокьеян лъабго г1иллаялъе г1оло: хирияб Къуръан г1араб мац1алъ рещт1анаян, Дун г1арабияздаса кканаян, Ахираталдаги г1араб мац1 бук1инаян.
Г1арабиял рокьарав жив вокьараздасаян, г1арабиял рихарав жив рихараздасан. Камуларо жагьиллъиялъ, лъавукъал мац1ал гьезда рорхулел жавабги х1асилги Аварагасул гl.c. раг1абазулъ хут1ана. Г1арабиязги абулила динияб г1елму ц1алич1ев чиясда х1айванун, нат1икъилан, ай мац1 лъалев, к1алъалев х1айванилан, камилал, берцинал жагьил чиясда рекъарал берцинал раг1аби, гьел х1айваназул мах1 дудаса ккола.
Г1али х1ажиясги p.гl. абун буго цояб хъатикь бакъ ккун, цоялъухъ канн ккун жанив лъугьаниги, жагьлудул бец1лъиян цоялъ х1анч1араб жо, цоялъ кваналеб цаги, г1усги г1адаб жо, г1акълугин г1елмуйилан цоялъе цояб чара гьеч1ого къвариг1унеб
Г1елму г1амал рекъеч1ев г1алим ралъдал карачелалъулъе рехеян, динги дунялги х1абургъинабулеб теч1ого.
Х1акъаб ккола г1елму г1амал рекъеч1ев г1алимасдаса жиндирго дин бац1ц1адав муъминчиги лъик1ав ккола. Г1елму г1амал рекъарав г1алим ккола Аварагасул ирсилав, г1алимасул адаб гьабиги релълъуна Аварагасул адаб гьабиялда, Аварагас гl.c. абун буго жагьил чиясул г1ибадат т1аг1аталдаса жиндие г1алимасул макьо бокьулаян. Жагьилчиясул иманги, динги, гьарулел г1амалалги релъуна гьесул жагьиллъиялда.
Г1алимасда лъала вега вахъиналъул, дунялалда хьвадиялъул къаг1идаби, адабал. Динияб г1елму харбие, маг1ишаталъе г1оло ц1ализе х1арамаб ккола. Диналдалъун дир гьоркьоб ккун кванарав чиясул чехь х1амималъул ц1езабич1ого теларилан Къуръаналда аяталги ругин.
Г1елму г1амал рекъарав г1алимчи вокьиялъул рахъалъги, жиндир дин бац1ц1адав муъминчи вокьиялъул рахъалъги, т1оцебесеб, к1иабилев ватич1они лъабабилев дун вати х1акъаб ккола. Альх1амдулиллагь.
Г1акълу, г1елму камилаб, иман, такъва, их1сан, сунатал адабал ккола дунял ахираталда талих1 кьеялъе саг1адаталъе сабаблъунги. Алжаназде унеб нухлъунги. Альх1амдулиллагь.
Г1акълу, г1елму, камилаб иман, такъва, сунатал г1амалал гьеч1олъи жагьиллъи кола, дунял ахираталда талих1 къиналъе сабаблъунги, жужах1азде унеб нухлъунги. Г1акълу, г1елму, камилаб иман, такъва, сунатал адабал гьеч1олъи жагьиллъи мунагьазул эбелги иблисалъул к1иабилеб ват1анги кола, инсанасул саг1ат, къосараб бидул къвач1а. Г1акълу, г1елму, камилаб иман, такъва, суннатал гьеч1олъи, жагьиллъи, мунагьазул кульбул ккола гьереси. Гьереси, гьекъел, х1амру, мехтулел жал, пиво гьекъел гъорлъ бугеб буза, ч1аг1а, кинал ц1арал лъун ратаниги г1акълу хвезабулел наркотикал.
Гьел жал х1алт1изаруралдаса к1икъого къо базег1ан гьев чи хвани гьесул вуссин т1ад вуссин гьеч1еб жужах1алда бук1инилан буго, бидулъа к1икъого къойидаса хадуб гурони гьел рац1ц1унарилан ч1езабун буго, гьесдаса жаназалъул как базе изну кьун гьеч1о, гьев вукъизе, гьесда релъарал ине бихьизабун буго, муъминзабазе х1арамаб ккола гьединаз бухъараб хобалда жанив, хварав чи вук1ина гъосода т1ад вегарав мисалалда. Гьединав аск1ов ккарав муъминчиги рах1ат хвеялда вук1ина, гьебго мисал ккола х1арамал ниг1матаца ч1вараб гьан т1ад бугесулги.
Ансадерил гох1да балъгояб хазиналда релълъарав Аварагасул ирсилав, Аллагьасул к1удияв вали, камилав устар, Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амадг1али х1ажиясда данде ч1варав 1970 соналъго рагьана дие т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде г1урччинаб шагьра. Альх1амдулиллагь.
Гьел соназ дунго данде ч1варал г1акълу г1адат бихарал х1икматаздаса цоял аслиял рехсезин, хадур рицунел лъугьа бахъиназе цебе раг1и, далилалъе.
Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал, живги ватана дида жинцаго абухъего горбол щек1алдаса г1агаравлъун, рак1алде ккаралъе, гьараралъе гьеб лах1заталъго жаваб гьабулевлъун, лъазе бокьаралъе макьида жаваб щвезабулевлъун. Альх1амдулилагь. Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал, живги ватана дида х1икматазул бет1ергьан къвариг1унеб рац1ц1алъиялд, хурхун, амру гьабун, макьида к1алъалевлъун. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал, живги ватана дида х1икматазул бет1ергьан, хирияб Къуръаналъул бат1иниял рахъал, макьидалъун рагьулевлъун, хирияб Къуръанги батана дида загьириял рахъал гурониги, бат1иял рахъалги жиндир ругеллъун, жал х1икматал Аллагьасул жиндирго гурони лъай нахъа г1унт1уларел, Аллагьасе бокьарасе жал рагьулеллъун. Альх1амдулиллагь. Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал, живги ватана дида х1икматазул бет1ергьан жинца дида амру гьабулевлъун, хирияб Къуръаналъул пуланаб сураталда даимлъиян хирияб Къуръаналъул гьеб сураталъулъ дида бихьана зобал, ракьал, нуралиял зодил кьерал, хъах1ил ккарал х1убаздалъун цо х1алалда жинца ч1езарурал Аллагьасул сифатаздаса цо сифат, ц1ар, Альх1амдулилагь.
Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал живги ватана х1икматазул бет1ергьан киналго мукъсанал сипатаздаса вац1ц1адав. Жив дида макьидалъун вихьиялъе сабаб малъун, макьида к1алъалевлъун, гьеб к1ул дир кодоб хут1ана, Альх1амдулиллагь. Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал живги ватана х1икматазул бет1ергьан, жинца дун данде ч1вазавулевлъун, дунялалъул г1акълу г1адат х1исабалда данде кколарел, г1акълу г1адат бихарал к1удиял х1икматазда ухравияб рукъалда ругелгин, 1998 соналъ гьелъул бицен хадуб бач1ина. Иншааллагь
Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал живги ватана дида х1икматазул бет1ергьан, жинца дун данде ч1вазавулевлъун, х1еж къабул гьабиялъе жаваб гьабун, гьабулеб г1акълу г1адат бихараб х1икматалда х1ежгун, г1умра гьабиги дида релъун бихьана муъминчи живго жиндаго вихьулев мат1уялда релъун. Альх1амдулиллагь. Т1адег1анав Аллагь лъаялда щведал, живги ватана дида х1икматазул бет1ер муъминчиясе питна гьабулев, сабаб бачун, нодо ккун балагь хвалде жинца ц1алевлъун. Церехун рехсон аразул г1ат1идаб баянги бат1иниял рахъалги дихъ хут1ана. Иншаалагь.
Т1адег1анав Аллагь лъаялде щведал Аллагьас дие рагьана дунял ахираталда хурхарал х1икматал, хирияб Къуръаналъул бат1иниял рахъал, жиндирго рах1матал х1икматаздалъун живго лъай, дунги гьеч1олъиялда цадахъго, жиндир лагъзадеридаса лагълъун рик1к1ине, киг1ан дагьавг1аги мустах1икъавлъун.
Аллагьасул рах1матал х1икматазулъ дунги хут1ана цо Аллагь лъаялде г1ей гьабулевлъун. Иншаалагь. Т1адег1анав хирияв Аллагь лъаялде щведал, дунги ватана г1адамал нахъе ц1алевлъун, рик1к1алъулевлъун. Т1адег1анав Аллагь лъаялде щведал, дие баянлъана Аллагьасул лъаялдаса дун цо лах1заталъги ват1алъуларевлъи. Дица дир бет1ергьанасдаги гьарула живги дир пикрудалъ рек1елъ, мац1алда цо х1алалда ц1унеян.
Т1адег1анав Аллагьас абун бугин жив рах1манги кколилан, жив рах1имги хут1анилан.
Гурх1ел, ц1об, рах1му, сабру сахаватлъи Аллагьасул сифатаздаса ккола. Гурх1ел ц1об гьеч1олъи, бахиллъи, сабру гьеч1олъи, цин бахъи, иман т1аг1аразул унтаразул сифатаздаса ккола. Т1адег1анав хирияв Аллагь, дуца ниж т1орит1е дуе рокьулел муъминзабазул нухалда. Т1адег1анав Аллагь, дуца ниж ц1уне капурчиясго г1адин, ракьулъанго, хут1арал аниян абизе кколел г1амалаздаса. Дуца ц1унич1ев цогияс ц1унуларин т1адег1анав Аллагь, киналго т1орит1и муъминзабазул нухалда, дунги ккайги муъминзабазул сунареб т1аг1унареб даимаб дуг1адулъ. Амин, амин.
Къоабилеб векалъул 70 соназго г1арабиязухъ ккараб рокьи г1ищкъуялъ Аллагьасе г1оло, бац1ц1адаб ниятгун хъизан лъималгун дун вахъана сапаралъ гьижраялъ 1990 соналъ. Гьеб сапаралда хурхараб баян гъол соназго макьида щун бук1аниги бихьараб х1асил гьелъулги ккола макьида бихьараб х1алалъ дица каг1баялда къвалги бана. Лагъасе цояб бокьула, ханасе бат1ияб бокьун батула, ханасе бокьараб гурони лъугьунаро. Аллагьасул гьаби бат1аяб ккана, ахил х1асил берцинаб ккана, муъминчиясухъ хут1ана, Аллагьасда данде лъабго ярагъ, Аллагьасда тавакал т1ами, сабру, шукро, рецц гьаби. Гьел сонал рук1ана рии лъуг1идал т1от1ода киниги къуватаб союз камунистияб режим релъине лъугьараб замана.
Коммунистияб режималъе рокьулароан унел, рач1унел эмигрантал, жодор чороклъи чидада бихьизе, раг1изе, лъазе катиег1анги Москваялда къват1ир рахъарал мехалъ нижеде фото аппарат бит1изабич1еб къого бук1унароан, нижеда рихьич1ел малъич1ого КГБ (б)ялъул агентаца.
Къват1исел х1укуматазул посольствабазда рихьулаан рак1арарал г1адамал, ирга, гъанкъулеб к1удияб гамидаса лъутулезда релъун. Х1укуматалъул чучлъиялдасан пайда босун, гьел рук1ана Россиялъул бац1адаб кьер, г1акълучаг1и, махщелчаг1и цо х1алалда ч1олареб х1укуматги, мекълъаби, заман заманалда кколел революцияби ч1алг1ун унел, гьезда гьоркьор рук1инч1о ц1огьал. Россиялъул ц1ар арал гьекъолдухъаби, цогидалги. Немцаз немцал уна рачун, Американаз христианал, г1израилалъ жугьут1ал, к1удияб г1израил г1уц1изе бук1ине, г1арабиялъ квергъизе рук1ине, г1арабиязулги компас запад доллларазда батун буго, г1арабиязе рокьуларо коммунистияб тарбиялда куцарал г1адамал, Ливиялъул посолас росана нижер г1арзаби, гьезда бич1ч1ана дун жодор буголъиялда садакъа напакъалда хьуллъун къват1ив вахъарав гьеч1олъи. Гьардухъанлъиялъухъ дица муъминчиясул нич ях1 хисулареблъи, Ливиялъул тахшагьар • Триополалъул кабинетазулги, Ливиялъул президент Муамар Кадафилги х1укму изну визаялъухъ балагьун Москваялда араб к1игоги соналъ ниж г1емер данде ч1вана Ливиялъул х1урматияв посоль господин Салих1гун. Посоласул советник, х1урматияв господин Туг1айшгун, х1урматияв господин доктор Абубакаргун, х1урматияв консул господин Батиргин. Аллагьасда лъала гьезул нижедехун бук1араб гьуинлъигун балагьи, Аллагь разилъайги гьездаса даимго. Гьезулъ бихьанщиналъ дун х1айран гьавуна, рек1елъ хут1ана киданиги унареб лъик1аб асар. Диниялги ругоан гьел ливийцал, к1алккул моц1алъ к1ал кквеч1ев чи вихьулароан, г1иракъалъул посольствоялда кабинетазда пепельницаби нахъе росун ругоан, телевизорал къедехун руссинарун рихьулаан. Посольствоялда бихьулаан г1одобе биччараб, сабруяб, пуланаб ракьул мах1ги, кьерги.
Ливийцал рихьараздаса дида г1емерисел Россиялъул бусурбаби релъун рихьана. Диналъ гьукъараб щибго нахъе ч1валарел гъалмагъар чаг1азда релъун. Доктор Абубакарица абухъего коммунистияб партиялда куцарал дикаразда релъун.
Гьединаллъун гьаруна нилъ 70 соналъ идеологиялъул Атеистаз, Аллагь дин гьереси гьабулеб, т1ураб загьруялъ. Гьал пасалъабиги гьез т1ураб загьруялъул х1асилал ккана, гьеб режималъ динал таралани, гьал пасалъаби рук1инароан, х1укуматги законалги рихьаниги, г1адамал ц1унулаан пасалъабаздаса, рек1елъ бугеб иманалда рекъон. Генсек Горбачица гаргадилаго биххизе байбихьана большевикаца, коммунистаца миллионал халкъалги т1аг1инарун, г1уц1ун бук1араб къуватаб союз. Горбачил хъулухъалъулал фашистал загьирлъарабго, Москваялда хинлъи т1аг1ун, ц1орой рехана гьелъ. Москвичал къват1ахъ г1едег1изаруна чекистаз, Дунаевасда г1адаб т1ур т1ури чангиязда щвезабуна фашистаз, Ельциниде т1аде гъуна танкаби, т1оцебе баг1араб майданалда бач1араб танкаялда т1адеги вахун Ельциница приказ ц1аларабго, Москваялда ц1орой т1аг1ун хинлъи рехана, харбиде рана москвичал. Гьел соназ Москва релълъунаан гьалагаб ралъадалда кьвагьизе бихъизе къач1араб к1удияб роц1ол гороялда. Кьвагьана, бихъана гьеб роц1ол горо, дунялго чорок гьабураб чорокал, гьересиял ц1огьал, демократаца, чудкаца балкан киниги цоцахъе ц1ан бикъана, хъамана халкъалъул г1аммаб буголъи.
Ц1огьоде, гьерсиде, ришватчилъи гъачагъазде сверизабуна киданиги жинда т1ад парахалъи рах1ат лъач1еб к1удияб Россия. Аллагьас жиб балагьаздаса ц1унаяб Дагъистаналъул нахъа рукъ, цагъур, мунагьал чураяв Расул Х1амзатовас абухъего нилъ бокьун гъорлъе инч1еб гъуниги нахъе унареб. Гьересиял ц1огьал, демократаца бихьизабуна капитализма, демократия, гъурщил гурони мац1 лъалареб, щварас щварав х1улулеб, нич т1аг1араб, бахилаб, хъант1араб, чорокаб жо бук1ин. Х1атта, Дагьистаналда цо цо церехъабаз цоцахъе ц1ана вирдал кьолел устарзаби, бергьарал т1ад хут1ана, къуразул сурат бихъана, гьединаб г1адат ккана кидаго дунялалда.
Къуватаб союз бихарабго, дунялалдаго ханлъи гьабизе лъугьана Америкаялъулги, г1израил сианистазулги чорокаб политикалъ, демократиялъги, долларацаги америкаялъул х1илаялъул къоринив ккарав г1иракъалъул гъалбац1 Х1усейн Къурбан къо к1одо гьабун гъанкъана.
Аллагьасул х1икматазул г1емерлъи, цин лагъ ханлъун колев, цин хан лагълъун колев, живго гурони х1алалда толарев. Альх1амдулиллагь. Т1адег1анав хирияв Аллагьас ралъдал т1инда букъизесеб Америка, ралъдал ч1инк1иллъи.
Дунялалъего питна балагьазе сабаблъун ккараб чорокаб политика, демократиялъул, долларазул ват1ан Америка. Америкаялъул т1адцуялдалъун ООНалъ Ливиялда данде лъазабуна ярагъ х1алт1изабулареб, рагъ санкция санкциялдалъун Ливия, Кадафи гъанкъизавизе.
Нижеда данде рагъарана дунялалъул гъалмагъарал, нижги хут1ана санкция бахъиялъул хьулазда, анц1абго рак1 свакарал ч1амуч1ал соназ Аллагьасдасан рах1матлъун цоялъ цоял хисун рач1унел къварилъабиги, Аллагьгин цадахъ гурх1ел ц1об лъалареб т1аг1араб къот1нор.
Гьел соназул х1исаб гьабидал, бихахочиялда ккола дир рак1 квешаб макьо бихьани, анкьица рах1ат хун лъугьунеб, Аллагьасдасан рах1матлъун цоялъ цоял хисун, рач1унел къварилъаби. Аллагьасдасан рук1иналъ, Аллагьасул вали, камилав устарги дагьав нахъе ц1ана. Аллагьасдасан рач1унел балагьал къварилъабалъ Аллагьасда гьаридал дие макьида баянго жаваб щвана дур сабру г1еч1оян, гьел раг1абазул маг1на бич1арав дица рек1елъ ккуна муъминчиясул ярагъ Аллагьасде таваккал т1ами, сабру, щукру рецц гьаби, Алх1амдулиллагь.
Т1адег1анав Аллагьасдасан рах1матлъун цоялъ цоял хисун рач1унел къварилъабалъан баянлъана дие. Т1адег1анав Аллагьасул рах1матал, х1икматал живго Аллагь лъайги, Аллагьасулгин гьоркьорлъиялда щвейги гьеч1еллъи. Дунял бокьиялъулъ, кин батаниги данде гьабеялъулъ, дунялалъул х1арамалги, х1алалги, рах1атал, кеп г1оркьазулъ. Алх1амдулиллагь.
Я мискин пакъир Юсуф х1ажи Г1абдуразакъов Унсоколо иргьани
Дагьистан. Т1адег1анав, хирияв Аллагь лъайго лъик1 гуродай, доб
дунялалъул гьалмагъираздаса жал авансалъе кьуразда ахираталда хазинаялда балагьалъе ратизе ругел.
Гьанже ирга щвана г1емерал соназул къокъаб цебе раг1иялдаса
Хадуб, аслияб мурадлъун бугеб лъугьа бахъинал х1икматал
рициналда. Г1акълу г1адат бихарал дунялалъул, дунялалъул г1адат г1акълу х1исабалда данде кколарел, т1адег1анав Алагьасдасан макьидалъун рицине изно кьураб ай дунялалъулго исламиял г1елазухъе щвезабизелъун. Г1илаги балъголъиги Аллагьасда лъала, Аллагьас лъай кьурав дидаги лъала, дица бицани ножодаги лъала.
Иншааллагь.
Дирго мурадал г1емерлъана, Аллагьасе рокьуларел рик1к1алъана.
Гьал х1икматал г1акълу г1адат бихарал, х1икматал лъугьа бахъиналъ рехсарал г1ахьалчаг1и гьересиял ратанани дунги ккола гьересичи гьел рит1арал ратании, дунги хут1ана вит1аравлъун. Иншаалагь.
Гьал биценал ракьалда т1ад цо чияс хут1ич1ого гьереси гьабуниги, дун хут1ана т1адег1анав хирияв Аллагьасда цеве вит1аравлъун. Дицаги г1ей гьабула гьелда. Иншаалагь.
Гьал г1акълу г1адат бихарал х1икматал, лъугьа бахъинал макьидайищ лъавудайищ, гьелъул лъай х1икматазул бет1ергьанасухъ хут1ана, яги ургъун рахъарал гьерсалищ гьересиялъе къимат цебехун бицана, Аллагьасул хирияв расулги, расуласул хириял Асх1абзабиги, Аварагасул ирсилал, Алагьасул хириял Авлияал, камилал устарзабиги гьоркьор ккун гьерсал сук1к1изе, рекъезаризе суфий Юсуф Х1ажиясда рекъеларо , бажариларо. Дунги ц1акъ ц1унаравлъун хут1ила, гьеб х1арамаб къабих1аб пишаялдаса Аллагьасул квер бакъиялдалъун, щаклъи гьеч1о, Иншааллагь.
Дица байбихьула Т1адег1анав хирияв Аллагьасул ц1аралдалъун, т1адег1анав хирияв Аллагьасе г1оло, т1адег1анав хирияв Аллагьасул изнуялдалъун, Альх1амдулиллагь.
Хъван ана лъугьарал, рихьарал, раг1арал, х1алалъ хиса-басиял, т1адежураял гьарияздаса ц1унун.
Альх1амдулиллагьи рабыл г1аламина васалату ва саламу г1ала Мух1амадин ваг1ала Алигьи ва Асх1абигьи Ажмаг1ина. Амин Амин.
1998 сон Мах1ачхъала Рамазан моц1. Ахириял къоял. Альх1амдулиллагь.
Бец1аб сардилъ ц1ик1к1араб х1инкъиялда, бицине лъалареб х1ал черхалъулгун, дун г1одов ч1ана. Цебесебги, нахъисебги заманалъул лъай х1икматазул Бет1ергьан т1адег1анав хирияв Аллагьасухъ хут1ана:
Заманалдасан лъавуде вач1унаго дида лъана ракьандаса кваранаб гьеж бицатаб к1удияб квералъ ккун бук1ин. Дунги т1убан лъавуде вач1ана гъежги биччан тана. Квералъул бет1ергьан вихьуларо, дие лъай кьуна, квералъул бет1ергьан ккола Аллагьасул к1удияв вали, камилав устар, Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амад г1али х1ажияв p.гl. Муст1афа Унсоколо Дагьистан.
Дун вахъун ч1ун вуго бец1аб помещениялъув къадал ракьанда, х1алица бихьула ч1ег1еркьераб ч1абар, х1инкъиялъул г1урхъи гьеч1о лъуралъуса рагъаруларо х1ат1ал кисанго, ч1валеб сас к1алъай гьеч1о, дирго рек1ел х1алуцараб кьаби раг1улеб. Х1инкъиялъул ц1акълъиялда дир берал рекерахъдизе лъугьуна, бихьизе бокьула къват1ибехун нух , бихьизе бокьула кинаб бугониги ч1аголъи, раг1изе бокьула г1адамазул сас, к1алъай.
Квег1иса берал щведал, нахъехун бихьула к1удияб нуц1а, квараниса бер щведал бихьула борхатго бараб хобалда т1ад бак1 г1урччинаб хамица бахчизабураб.
Дун хобалалъухъ балагьун хаган хут1ана, хобалъухъ валагьун вук1аго дие лъай кьуна, гьаб хоб Мух1амадил гl.c. кколилан. Дун виха хочиялде ккана, абизе бокьана кинаб бугониги раг1и, бит1изе бокьана свалат, кьезе бокьана салам, абун бажаруларо, къват1иб лъунаро.
Хобалъухъ балагьун вук1аго, лъалаго черхалда жаниса pyxl бащадго квараниса къват1иб лъугьунеб буго, ц1акъ бокьун бук1инч1о, бат1алъана черхалдаса pyxl, рух1алъул буго черхалъул сифат, берцинго бихьула, лъала, х1алт1ула лугби, рух1алда гъорлъан канлъи бихьула хьухьилъан г1адин, виха-хочи, х1инкъи гьеч1о, дирго рух1алъул черхалъухъ балагьун г1урхъи гьеч1ого вохана.
Дагьаб лъалхъеналдасан, пикру гьеч1ого т1амуна цо гали, к1иабилеб т1амулаго кваранаб х1ет1е ккана анц1го сантиметралъул г1еблъиялъул гьац1укьераблъун ккараб мухъиде нахъе, цебехун гвангъун бихьула берцинаб канлъуца. Дун т1ад вуссун валагьана нахъе тараб черхалъухъ, ц1акъ бихьизе бокьич1о, вахъун ч1овухъе хварасда релъуна, г1одоб биччан буго бет1ер, къанщун рихьула берал. Дир пикру бач1ана унго гьеч1ищ гьагъав нахъе восизе чигодаян. Черхалде т1ад вуссинавиялъул ц1ик1к1араб х1инкъи бач1ана, дица квег1аб х1ет1еги лъуна мухъида нахъехун, къват1иса бак1 бихьуларо.
Дида данде бит1араб бак1алда бихьула зодил кьераб хъах1ил ккараб хьухьица рахараб бак1, анц1го метралъул манзилалда гьелъул т1асияб рахъалдасан бач1унеб буго берцинаб ахираталъул канлъи, бец1лъуда бихьулеб фарфоралда релъараб г1адаб, фарфор канлъуда бугелда релъуна дир рух1алъул т1асан кьер. Алх1амдулилагь.
Я т1адег1анав Аллагьасе рокьулел муъминзаби, Аллагьас къосен бала гьаздаса ц1унаял, дунги ножор сунареб, т1аг1унареб дуг1адулъ кквеян.
Гьанже дица нуж рачина, ножода раг1ич1ел г1акълу г1адат бихарал х1икматал лъугьа бахъинал рициналдалъун. Аллагьасул хирияв Расуласулги Расуласул хириял асх1абзабазулги, Расуласул ирсилал Аллагьасул хириял Авлияал, камилал устарзабазул гьоболлъухъ Иншаалагь.
Квег1иса ункъо щуго метралъул манзилалда раг1ад ккараб бак1алда гъоркь бихьула к1удияб тах бак1, кресло гьац1укьераб. Бак1ида жиндаго рекъараб х1алалъ   берцинго сабруялда г1одов ч1ун вихьула Аллагьас жинда свалат салам лъеяв Аллагьас жиндие гьабураб къот1и т1убаяв Мух1амад гl.c. Щибав муъминчиясул рек1ел ч1ух1и Мух1амад гl.c. Щибав муъминчиясул мугъ ч1валев къот1и Мух1амад гl.c. Жиндихъ ккараб рокьиялъ дун ч1аго вух1аяв Х1абиб гl.c. Живго вокьун хьвадарасе Алжанал насиблъулев, Аллагьасул рах1матал Алжаназда кверщел батулеб. Жив гьереси гьавурав Аллагьас рах1матал Алжаназдаса жиб къосараб иблис г1адин вачахъулев.
Альх1амдулиллагь.
Асаламуг1алайка я Расулуллагь гl.c, Асаламу г1алайка я Набиюлагь гl.c. Асаламу г1алайка Я х1абибулагь гl.c Асаламу г1алайка Я Мух1амад Амин гl.c.
Я Ах1мад, я ц1арал г1емерав Т1агьа, халг1ат т1агъур гьац1укьераб караб, камилаб, гьан ц1а рекъараб, гьайбатаб, гьоркьохъеб черхалъул, чохьолъа дагьав вач1арав, жинс лъик1ав, гьурмал кьер ролъул кьераб караб, берцинаб, Мухlамадидаса гl.c. кьенсер берал сверухълъи берцинав чиясда дир берал ч1вач1о.
Г1умроялъ мегеж к1к1вараб бак1ги бихьула ч1ег1ераб расул кьибилалъ берцин гьабун, ц1ину тун гъоркьияб рахъ бахчизабун бихьула гьац1укьераб ккараб хамица, тахил к1иябго рахъалда лъун рихьула кверал. Дун гьенив вук1аго Мух1амадица цо нухалъ лъуралъул кверал рагъаризаруна, к1иц1ул бет1ер доба гьанибехун сверизабуна, сверун унаго Мух1амадил гl.c беразул бихьула ч1ег1ераб чинидал г1адаб ц1ваки.
Мух1амадил гl.c гьурмада бихьула баракат, рах1мат, гурх1ел ц1об, сабру, ургъел пашманлъигун цадахъ. Ургъел т1аде щун бугеб дунялалъул, ахир Ахираталъул авалги лъаялдалъун, пашманлъи исламиял халкъазул пасатал хьвада ч1вадиял лъаялдалъун, Мух1амадил гl.c. гьурмада бихьуларо киг1ан дагьабг1аги рохел разилъи. Мух1амадил гl.c. гьайбатлъиялъ т1аса росизе бокьулеб гьеч1о пикро берал.
Мух1амадидасан дие буго кинабалиго лъик1аб асар, гьелъ ч1вала черхалъул г1узраби, Аллагьасе бокьуларебщиналдехун бач1уна рокьукълъи, рек1елъе бач1уна х1ехьезе зах1матаб гурх1ел ц1об, сабругин цадахъаб.
Муъминчиясдехун бач1уна урхъараб рокьи, лъуг1ула дунялалалъул хиралъигун берцинлъи, рек1елъ чорхолъ хут1ула кинабалиго ч1ух1и рохел сунареб т1аг1унареб. Альх1амдулиллагь.
Ц1акъ бихьинчиясда рекъараб жинсгун берцинлъигун вижун вуго
Мух1амад гl.c., т1аде жураязда х1ажатав х1алалъ вижун гьеч1о
хирияв Мух1амад Т1адег1анав хирияв Аллагьас. Мух1амад бакъги гуро, гьебги гьереси ккола, Мух1амад моц1ги гуро, гьебги гьагасул хабар бакъ моц1алъул нур сваниги сунареб, жиндирго нуралдасан вижун вуго Мух1амад гl.c. Т1аде гьоболлъухъ ах1ун Х1абибилан ц1ар кьурав ай вокьулеван. Гьединавлъун вихьана ватана дида Мух1амад гl.c. Т1адег1анав Аллагьас жинца бижанщинаб рик1к1ун свалат салам лъеяв Аллагьас жиндие гьабураб къот1и т1убаяв. Мух1амад гl.c жиндихъ ккараб рокьиялъ дун ч1аго вух1аяв х1абиб гl.c. Алх1амдуллилагь.
Гьанжеги мун г1енекке муъминчи ватанани, гьал х1икматал лъаялъги камиллъила дур иман. Мух1амадил хиралъи Къуръаналъ рехсон руго Къуръаналъул х1икматал дагьал рехсон к1алъазин.  Мунги г1алим гурилан г1антал харбал рицунге.
Г1алимзаби х1айранлъулел, х1усудалъ хисардулел х1икматал рехсон анин.
Мух1амадидасан гl.c байбихьун г1емерал халкъаз г1ет1алги биялги т1ун, бидул х1ораздасан сабабал рачун щвезабун буго Ислам дин т1адег1анав хирияв Аллагьас. Альх1амдулилагь.
Мух1амадил гl.c. хирияб Къуръаналда рекъарал берцинал г1амал т1абиг1атазул хьвада ч1вадиял, сунатал адабазулги, Мух1амадил гl.c к1удияб гурх1ел-ц1об, сахаватлъи, загьирлъи, саброялъулги. Мух1амадил гl.c к1удияб бах1арчилъиялъулги, Мух1амадил гl.c рик1к1ен г1емерал муг1жизатазулги, хабал рилизе, т1аг1ине теч1ого, таватуралдалъун щвезабун буго нилъеде. Альх1амдулиллагь Мух1амадил гl.c бищун к1удиябги, хириябги муг1жизат ккола муг1жизатаздаса Мух1амад Алагьасул Расул чапарлъун гьавун, Мух1амадиде рещт1араб хирияб Къуръан, къиямасеб къо ч1езег1ан била т1аг1ине гьеч1еб, къиямасеб къо ч1езег1ан жиндир х1икматал рагьулеб бук1унеб. Х1икматал г1емераб, рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръан. Альх1амдулиллагь.
Аллагьас къиямасеб къо ч1езег1анги хисизаби хвезабиялдаса ц1унун живго гъоркье чlун къот1и жинда жаниб гьабун бугеб хирияб Къуръан. Альх1амдулиллагь.
Жиб рещт1аралдаса нахъе цо раг1и жиндир хисизабизе к1веч1еб, жиб рещт1аралдаса нахъе цо х1алалда жинца бергьенлъи босараб, къиямасеб къо ч1езег1анги, цо х1алалда бергьенлъи жинца босизе бугеб, кинабго заманаялъ жиндир тушбабазул ц1ун дуниял бугониги, х1икматал г1емераб хирияб Къуръан. Альх1амдулиллагь.
Жиб инсанасул калам батани, гьабейилан дагьабниги цо суратг1анасебниги, жундулги гlадамалги къецалде ах1ун жинца ругел х1икматал г1емераб, рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръан. Альх1амдулиллагь.
Дунял ахираталъул бицун, Аварагзабазул лъугьа бахъинал, къисаби баян гьарун, рицун, шарг1иял г1елмаби, бат1и-бат1иял кант1изариял рицун, Алжан жужах1азул баянал рицун, капурзабазе жужах1алдалъун х1инкъи кьун, муъминзабазе Алжаназдалъун рохел бицун, жинцаго абухъе рехсеч1еб жого жинда жаниб тун гьеч1ониги, цоялъ цояб ч1валеб калам жинда жаниб гьеч1еб, х1икматал рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръан. Альх1амдулиллагь.
К1алдиб чвахун бач1унеб тартибалъул, ц1аланаг1ан гьуинлъулеб х1ифз гьабун рек1ехъе лъазабизе бигьаяб, жиб ц1аларасе кири к1удияб, хъвалеб маг1на лъач1ониги, лъалесда бащадаб, жинда даимал г1адамазе шафаг1ат гьабизе къот1и гьабун бугеб, жиб ц1алулесулги раг1арасулги рек1елъ х1инкъи рехулеб, рек1елъ нипакъалъул унти гьеч1они, х1икматал рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръан Альх1амдулиллагь.
Жиб ц1ализе сунатаб, жиб ц1алич1они г1азаб кьолареб, жинца абураб гьабизе т1адаб, жинца абураб гьабич1они, г1азаб кьолеб, ахираталда жиндир цо раг1и гьереси гьабунани къосунеб, жиндир маг1наби имамзабаца гьарурал, тафсиразда балагьич1ого, мекъи гьарунани къосунеб, жиб къанун законазда рекъезабунани къосунеб, жинца х1алал гьабураб х1арам гьабунани, х1арам гьабураб х1алал гьабунани къосунеб, х1икматал рах1матал гьарзаяб,  хирияб Къуръан. Альх1амдулиллагь.
Зобал, ракьал, зодил кьерал хъах1ил карал, нуралиял х1убаздалъун цо х1алалда жинца ч1езарурал Аллагьасул сифатаздаса цо сифат ц1ар жинда жаниб бугеб. Дару, тохтур хисун жал рац1ц1адал муъминзаби сах гьарулел аятал жинда жанир ругел, х1икматал, рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръан Альх1амдулиллагь.
Пасах1атлъиялъ ц1ар арал г1арабиязул коч1охъабиги жиндир пасах1атлъиялъ г1одор къулизе, жинца гьарурал гьезул г1алимзабазда коч1одалъунищ, харбидалъунищ бугияли. Гьездаги ч1езабизе к1веч1еб, я Мух1амад коч1охъанлъи дуда рекъеч1оян, жинда жаниб абун бугеб х1икматал г1емераб, рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръан. Альх1амдулилагь.
Жиндир маг1наби к1удиял, жиндир сифатал г1емераб, живго Аллагьасул гурони, жиндир гъварилъиялда нахъа г1акъло г1унт1улареб, загьириял г1аммал рахъал гурони, бат1иниял рахъалги жиндир ругеб, х1икматал г1емераб, рах1матал гьарзаяб, хирияб Къуръаналъ нуг1лъи гьабула жиб г1аламалъул гъуюблъун жив вугев, т1адег1анав, хирияв Аллагьасул хирияб калам бук1иналъеги. Мух1амадги гl.c т1адег1анав Аллагьасул хирияв Расул чапар вук1иналъеги, Аллагьас халкъазде вит1арав, бит1араб нухалда т1орит1изе, бит1араб, бац1ц1адаб диналда Аллагь цо гьавиялде ах1изе. Альх1амдулиллагь.
Зобалазде, моц1роде щвезег1ан г1елму эхеде баханиги, жиб рещт1аралдаса цо раг1и хисизабизе к1веч1еб, къиямасеб къо ч1езег1анги цо х1алалда жинца бергьенлъи босизе бугеб, дуниял ц1ун жиндир тушбаби ругониги, г1адамалги жундулги къецалда ах1ун жинца ругеб хирияб Къуръаналъ жибгоги, Мух1амадги, динги ц1унана хисизаби хвезабиялдаса, цогидал Аварагзабазда рещт1арал т1ахьалги, диналги г1адин. Альх1амдулиллагь, Альх1амдулиллагь.
Данде ч1вала Къуръаналъ абуралъул г1аксаги хьвадун, х1арамал, пасатал г1амалазда Къуръаналъул адаб гьабун, гьелда мугъ рехуларел пасикъзаби, гьездаги лъаларо нахъасаналдаса инсан цевесан нусго нухалъ квешав вук1ин, лъик1ал г1амалалго г1адин, квешалги гьарулел, церехун руссарал лугби ц1унич1они, х1алалалъулги, х1арамалъулги г1орхъода рахас бан адабалда.
Аварагасул цойги муг1жизат
Роц1араб моц1 гургинлъараб, камиллъараб сордоялъ капурзабаца аварагасда абун буго мун Аллагьасул Расул чапар ватани гьадаб моц1 хъвалхьинабун к1иго гьабеян. Аварагас гl.c квер бит1арабго моц1 к1иго лъугьун хъвалхьун буго, гьедин т1ерхьун араб баккулеб мехалъ цого лъугьун баккунги буго, гьелда хурхун Къуръаналда абун буго мунги хъвалхьана къиямасеб къоги г1агарлъанаян, моц1 хъвалхьинги къиямасеб къо ч1елалде рук1ине ругел муг1жизатаздаса бук1ун.
1970 соназ коммунистияб режималъул зурмица, Атеистас цо гьит1инабго т1ехьалда хъван бук1ана х1акъаб бит1араб кканилан гъоб сон, моц1, сордоялъ моц1 к1иго лъугьун хъвалхьараблъи. Аварагас гl.c. квер бит1ун гуреб, т1асан цойги планеталъул к1удияб кесек реч1унан, хадуб жиндаго бугеб магниталъ данде ц1анаян.
Гьеб кана, Аварагас квер бит1ун моц1 к1иго лъугьун хъвалхьанаян бихьарал г1адамаца нуг1лъи гьабун хъван тараб бицен. Гьедин т1олаан рекъезабун диналда гьоркьобе загьру, диналъул тушбаби гьездаги божулаан, гьездаго релъарал талих1 къварал, къосарал.
Г1ажаиблъи, х1икмалъи, тамашалъи.
Хирияб Къуръаналъул ваг1за хабар къабул гьабулареб инсанасул бидул къвач1аялъун, сог1лъи, къосен хирияб Къуръаналъул ваг1за хабар раг1идал квер хъвараб мехалъ ц1адал х1ама киниги жиб нахъе ц1ан унеб къиямасеб къо ч1еялъул хъаравуллъуда т1адег1анав хирияв Аллагьги вук1иналда цадахъго. Альх1амдулиллагь.
Т1адег1анав хирияв Аллагьасул Алжаналги, жужах1алги т1атарал, загьирлъарал, г1агарлъарал мехалъ т1адег1анав Аллагьасул сират1, мизан, х1исаб суалалги, г1азабалъулги, жужах1алъулги г1агарлъарал мехалъ х1инкъиялъул ц1акълъиялъ кинавго чиясул бералги г1анч1ихараб мехалъ.
Х1инкъиялъул ц1акълъиялъ капурчиясги ракьлъунго хут1арал аниян ах1араб мехалъ, х1инкъиялъул ц1акълъиялъ киналниги Аварагзабацаги Нафси, Нафси ян, ай, вай дир черхан ах1араб мехалъ. Бищун гурх1ел, рах1му ц1икlарав бищун хирияв Мух1амадил гl.c уматлъун хираго рижун руго нилъ т1адег1анав хирияв Аллагьас. Альх1амдулиллагь.
Киналъулго г1акса бит1араб, бац1ц1адаб диналда ругоян пасатал, х1арамал г1амалазда, к1игьумерчилъиялда хьвадулел нилъги руго. Воре, воре, воре Аллагь гурх1улев вугилан Аллагьасда божун ч1оге, гурх1елалъего г1адин, Аллагь г1адлуялъеги ц1акъав кколин. Альх1амдулиллагь.
Цебе бицун араб канлъи бач1унеб бак1алда гъоркь, ич1го метралъул манзилалда дида данде вит1ун вахъун ч1ун вуго Абубакар Асх1аб p.гl. Халг1ат, т1агъур хъах1аб, камилаб, ч1урканаб, гьайбатаб черхалъул жинс бугев, разияб, хъах1аб гьумер лъабго ункъо сантиметралъул халалъиялъул рекъараб хъах1аб мегеж, къокъав, х1алакъав.
Киналго мажлисалда г1ахьаллъарал рихьула дунялалда ругездаса камилго, берцинго чурхдулгин, к1удияб рак1а рахариялда г1одор ч1ун,гlодор риччан квералгин, квег1аб квер т1асан квараналъги ккун. К1алъалев, шурулевги гьеч1о, киназулго балагьиги дидехун буго.
Альх1амдулиллагь. Дир квараниса ч1аразул т1арада Аварагасде данде вит1ун вахъун ч1ун вихьула Г1умар Асх1аб p.гl., халг1ат, т1агъур Аварагасулалда релъараб гьац1укьераб, камилаб, гьанада т1ара ахада г1орц1араб, к1удияб черхалъул, жинсияб гьумер бец1ав, цидал ц1урав Аварагасухъ дун балагьанщинахъе, Г1умарил гьурмал х1ал хисула, мекъи валагьула, Г1умарил p.гl. цидал ц1ураб гьурмалъан дир пикрудулъе рач1унел руго: Нич гьеч1, адаб гьеч1. Мун лъида цевеч1ун вугеяли лъаларищ, пайда щибха, цоян гьанже гуро, гьанже вортун вач1инаян рах1ат гьеч1о дие Г1умарил p.гl хъач1ал раг1абаздасан баянлъана г1ила гьеч1ого аварагасухъ балагьиги, Аварагасул адаб теялдасан бук1ин.
Х1акъикъаталдаги данде вит1ун г1одов ч1ун вугев Аварагасухъ мажлисалда г1ахьаллъараздаса цонигияв Аварагасухъ валагьулев дида вихьич1о цо нухалъги.
Адабал лъаларев, берзул т1ат1и бик1улеб, нич бахъараб, гъосолъ ч1олеб т1от1ода релъарав дун, цин квег1иса Аварагасухъ валагьула цин квараниса Г1умарихъ p.гl. валагьула, вортун цин вач1инев вугодаян Аллагьасул к1удияв вали, камилав устар Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амадг1али х1ажиявги вихьула paxlaт хвеялда дир беразул адаб тараб, рекерахъияздасан рази гьеч1ого, Альх1амдулиллагь.
Г1усман Асх1аб p.гl. гьеб мажлисалда г1ахьаллъич1о, г1иллаги балъголъиги Аллагьасда лъала, Аллагьас лъай кьурав дидаги лъала, дица бицани, ножодаги лъала Иншаалагь.
Г1умар Асх1абасул p.гl. цин квег1иса к1игъажалда ващадав Г1алиасх1аб p.гl. халг1ат, т1агъур, хъах1аб, камилаб гьанада г1орц1араб черхалъул чохьолъа лъик1го вач1арав, жинс бугев, разияб хъах1аб гьумер Аварагасда гl.c хут1изег1ан цо т1ок1лъиги бихьула Г1алиасх1абилъ. Аллагьасда лъала Аллагьас лъай кьурав дидаги лъала, дица бицани ножодаги лъала Иншаалагь.
Г1алиасх1абасул p.гl. квег1иса цун, Г1умарида p.гl. халалъи ващадав Г1абдурах1манх1ажияв сугъури р.г1. гужгат, т1агъур, ч1ег1ераб, камилаб черхалъул жинс, лъик1ав, бахараб, т1убанго хъах1лъич1еб мегеж. Альх1амдулиллагь.
Сугъуриясул p.гl. квег1иса цун к1игъажалда ващадав, живго малаик г1адав Ражабилав, Г1абдулагьх1ажияв Гену p.гl. Гужгат, т1агъур, хъах1аб, камилаб черхалъул, гьанада г1орц1араб, чохьолъа вач1арав, разияб, хъах1аб гьумер, бахараб, рекъараб, хъах1аб мегеж. Альх1амдулиллагь.
Г1абдулагьх1ажиясул p.гl. квег1иса цун к1игъажалда ващадав Мух1амадг1али х1ажияв Муст1апа Унсоколоса p.гl., гужгат, т1агъур, ч1ег1ераб, камилаб черхалъул жинс лъияв, бахараб, рекъараб, хъах1аб мегеж.
К1удиясда нахъехун раг1ад ккараб бак1алда щугоял дагъистаниял рихьула, рат1лил форма дагъистаная.
Дагьаб лъалхъеналдасан цебе, бицун араб канлъи бач1унеб бак1алъул т1асияб рахъалдасан, берцинаб гьаркьидалъун г1араб мац1алъ дие кьуна лъабго суал, суалал кьезе байбихьаралго, лъалаго, бихьулаго киназго пикру к1вар дидехун буссинабуна. Аварагас гl.c. бет1ер квараниса дидехун сверизабуна, дир устар Аллагь жиндаса разилъаяв Мух1амадг1али х1ажияв p.гl. лъалаго ургъалилъе ккана. Дирго черхалъул х1ал хиси бахъулаго аварагасдасан  гl.c байбихьун, щивасухъ валагьулаго, дица жаваб кьуна маг1арул мац1алъ.
Г1алиасх1абасул p.гl. гьурмада разилъи рехана. Суалал кьезе байбихьарабго дир пикру ккана, суалал, дирго жавабал, пикродулъ ц1унизе. Амма цебеселъул лъай, нахъиселъе жаваб кьелелде, дихъе теч1о, г1иллаги, балъголъиги Аллагьасда лъала.
Нижеда ц1акъ лъик1 лъала исламиял халкъазул пасатал хьвада ч1вадиял. Гьел раг1абазул пикру гьабидал, дида рак1алде ккола суалалги гьелда хурхунцин гуродай рук1аралан. Дагьабго лъалхъеналдасан, добго бак1алдасан, черхалда гъаргъар, сири щвезабулеб борхатаб гьаркьидалъун г1араб мац1алъ къиямасеб къо г1агарлъана, къиямасеб къо г1агарлъана. Аварагасдасан байбихьун, дун щивасухъ валагьана. Аварагасул, Абубакар, Г1алил кьер х1ал хисич1о. Хут1аразул хисана кутакалда. Дагьаб лъалхъеналдасан нахъасан вач1ун, дир ракьандаса гъеж кваранаб квералъги ккун абуна: Дица дуе гьабураб къот1и т1убазе буго къиямасеб къоялъ, ян гьел раг1аби ккола гьес жинцаго макьида 1974 – 75 абилел соналъ гьарураб къот1иялда хурхарал.
Дунги ц1акъго х1ажатавги, хьул лъолев чиги, божарав ккана Г1алиасх1абас жинцаго гьабураб къот1и т1убаялда.
Иншаалагь.
Хвелареб Г1алиасх1абица жинцаго гьабураб къот1и, Аварагас гl.c. абураб раг1иялъе г1ологи, гьабураб къот1и хварав чи капурлъанаян. Г1алиасх1абасул p.гl. к1алъай раг1арав Г1умар асх1аб p.гl. нижедехун мекъи валагьана.
Гlумарасхабас p.гl. гьеб рик1к1унеб буго Аварагасул гl.c адаб теялдаса. Дир сапар гьелда къокълъана лъуг1ана. Альх1амдулиллагь.
Гьанже муъминзаби, Аллагь гурх1аял, гьаб дир хабаралъул лъик1 х1исаб гьабе г1акъло пикруялъул ц1адирабазда лъун. Алжан жужах1алгин ахират бихьун, Ах1мад т1ад вуссана. Аллагьгин к1алъан, Дунги Т1агьа вихьун, т1ад вуссинавун, т1урт1удулеб черхгун бусада ккана. Х1абиб вихьиялъги, т1ад вуссиналъги, т1уна дица маг1у, маг1ирукъ ккеч1еб. Алх1амдулиллагь.
Я т1адег1анав, хирияв Аллагьасе рокьулел муъминзаби, Аллагьас къосен балагьаздаса ц1унаял. Дунги нужор ссунареб, даимаб дуг1адулъ ккве. Гьеб дунялалъул г1акълу г1адат х1исабалда данде кколареб, г1акъло г1адат биххараб, х1икматаб гьеб мажлисалда г1ахьаллъарал дида рихьана.
Дунялалда ругездаса камилго, берцинго чурхдулгун, к1удияб рак1а рахариялда. Дие баянлъана гьединал г1адамазе хвел г1иц1го дунялалдаса ахираталде рахъиялъе сабаблъун бук1ин. Цо дун гурони, бахъун рехараб чухъа киниги черхги къват1ибхун тун цонигиял рихьич1о.
Гьединал г1адамазул хвел цогидазда, балканалда релълъинабулев живго ккола балканалдаса дунял ахираталда, Иншаалагь.
Гьеб х1икматаб г1акълу г1адат бихараб мажлисалда баянлъана дие дунялалда динияб г1елму мац1, хасго адабал, адабал, адабал лъазаризе т1адаблъун бук1ин. Гьединго баянлъана исламиял халкъазул хабар Аварагасде бахунеб щолеб бук1ин. Нахъуйги баянлъана исламиял халкъал дагьалги пасалъизе рук1инги. Исламиял халкъал пасалъи къиямасеб къо ч1еялъе сабаблъун бук1инги. Гьединго баянлъана дунялалда т1абиг1иял балагьал, питнаби цоялъ цояб хисун г1емерлъизе рук1ин, цогиги нухалъ баянлъана Т1адег1анав хирияв Аллагьас замана г1едег1изабиги. Т1адег1анав Аллагьас дунял къиямасеб къо ч1еялъул т1оцебесеб ступеналда жаниб лъугьинабун бук1ин.
Капурзабаз Аварагасда гьикъун буго къиямасеб къо кидал ч1олебан.
Аллагьас жаваб гьабун буго гьеб лъай дихъ хут1анаян. Дуца диналде ах1еян, гьел руссаниги руссинч1ониги дуе ургъел гьеч1оян, ай маг1на гьезулгин х1алт1и жинца гьабилаян абураб ккола.
Капурзабаз аварагасда гьикъун буго къиямасеб къо ч1елалде рук1ине ругел г1аламатал рицеян. Аварагас гьел рехсон руго, гьел т1урана, хут1араб чангоябги кват1ун ккеларо. Иншааллагь.
Къиямасеб къо хеккого ч1еялъе г1ила сабаблъун бук1ина дунялалъул халкъал хасго исламиял халкъал пасалъи, къиямасеб къо нахъе бахъиялъе г1иллалъун бук1ина, дунялалъул халкъал бат1улал гьересиял диназда ругелги, гьоркьор хут1аралги, х1акъаб бит1араб бац1ц1адаб диналда, Аллагь цо гьавиялда руссинги. Кинабго цебехун лъалев Аллагьас, кинабго цебехун лъан, азалалда гьеб хъвана. Гьеб къоялъ, гьеб къиямасеб къоги ч1ела. Иншааллагь.
Гьал лъугьа-бахъинал, г1акъло г1адат бихарал, х1икматал рицине макьида изну щвана дие Аллагьасдасан, бицине дунялалъулго исламиял г1елазухъе щвезабизелъун, гьелъул маг1на ккола исламиял г1ун рач1унел г1елал, пасалъаби, х1арамлъаби тун цолъун гъункун къач1ан рук1ине Магьдида p.гl. Г1исада гl.c данде ч1вай гьабизе квербакъизе.
Магьдил p.гl. Г1исал гl.c. бертабалъ ккарал муъминзабаца дир рахъалдасан салам бице. Дир гьал г1акъло г1адат бихарал лъугьа бахъинал, биценазул бет1ергьаби, г1ахьалчаг1и, нуг1зал. Т1адег1анав хирияв Аллагь. Мух1амад Расулулагь гl.c
Абубакар Асх1аб p.гl. Г1умар Асх1аб p.гl. Г1али Асх1аб p.гl. Г1абдурах1ман Х1ажияв p.гl. Генуб Мух1амадг1али х1ажияв p.гl. Муст1апа Унсоколо. Альх1амдулиллагьи рабил г1аламина ва салату ва саламу г1ала Мух1амадин ва Асх1абиги. Алигьу ва Асх1абигьи Ажмаг1ина Амин. Гьал г1акълу г1адат бихарал х1икматалъ рехсарал гьелъул г1ахьалчаг1и гьересиял ратании, дунги ккола гьересичи, гьел рит1арал ратании, дунги вук1ина вит1аравлъун. Иншаалагь.
Дир гьал биценазде киг1ан дагьабг1аги раг1ад рехиларо, нипакъалъул унтабаца гьаб х1абургъараб заманаялъ. Гьал биценал рек1елъ рекъеч1ев чиясе, дица гьабизе бигьалъи гьеч1о киг1ан дагьабг1аги. Гьал биценал ракьалда т1ад цо чияс хут1ич1ого, гьереси гьабуниги дун хут1ула т1адег1анав Аллагьасда цеве вит1аравлъун. Гьал биценал ургьиб гьунарого лъугьарав чиясухъ, хут1ана цого цо лъабго ярагъ, гьаб х1абургъараб заманаялъ гьереси, жах1да, х1усуд, автомат. Гьал биценал ургьиб рекъеч1ев чи вичанте рек1ел нипакъалъул унтабаца рек1ее бигьалъи гьабун, жиндиего балагьалъе, гъедо кинниги гъвадулев вук1ине. Ансадерил гох1да балъгояб хазинаялда релъарав Аварагасул ирсилав, Аллагьасул к1удияв вали, камилав устарасде данде сабабалъе дун данде ч1вазавурав, даимав, Аллагьасе даимго киналго реццал дир рахъалдасан. Альх1амдулиллагь. Альх1амдулилагь.
Хадуб цойги бицен
Гьаб заманаялъ цо цо г1адамазе диниял жал лъазарун, т1уразе бокьулел руго, гьаб жододаго лъалеб хъваялдалъун, лъазарун, т1уразе. Амма, гьелъул х1акъикъат бат1аяса ккола. Аварагас гl.c. абун буго Къуръаналъул цо раг1и мекъи ц1алиялдаса, нусго хвалчен жинда кьаби лъик1аб бугилан, гьеб бугелъул т1адег1анав хирияв Аллагьасул калам.
Къуръаналда жаниб чанго xlapп ккола цогидал хъваязул х1арпалъ гьеч1ел, гьединлъидал бит1ун хъвазе рес гьеч1о. Гьединго берцинлъи, къимат, къадру хола. Гьел х1арпал к1алдисанги, хасал бак1аздасан, хасаб къаг1идаялъ рахъизе, лъазаризе ккола. Лъалесул к1ал мац1алъухъ балагьун, к1ал мац1 ругьун гьабун, гьел мекъи хъвазеги, ц1ализеги х1арамаб ккола.
Т1адал жал лъани, лъан г1орхъаби адабалги ц1унич1они, чара гьеч1ого ккола дин мекъиги, х1акъирги гьабиялъул, х1акъикьегун балагьалъулъе.
Лъалареб жоялъ лъалеб жо гьабуларо. Аллагьас г1акълу лъай кьурав чиясе лъалароялъ бигьалъи гьабиларо, хвасарлъи хвеларо. Бигьалъи гьабила, хвасарлъи щвела, Аллагьас г1акълу лъай кьеч1ел г1адамазе гьединазда дин т1адлъуларо, балугъал г1акъилазда гурони. Т1адал жал лъангут1и, лъан г1орхъаби адабал ц1унунгут1и, ккола жиндир черх диналъул ургъел гьеч1олъи, жагьиллъиялъул балагь, къосеналъе сабабги. Бусурманчиясда чара гьеч1ого лъазе ккола шагьадат маг1нагун. Маг1наги лъан, щакдари, вас васал тун, шагьадат бит1аралдаса гурони иман ислам къабул гьабуларин.
Бусурманчиясда чара гьеч1ого лъазе ккола диналъул т1адал жал, дин гьабулеб замана, къаг1ида, г1орхъаби гьарулел г1амалазул сифатал, маг1на, адабал. Бусурманчиясул мац1алдаги, рак1алдаги бащадго бук1ине ккола камилаб иман, жиб хиса басизе, хвезе, т1аса инабулареб боц1и балагьаз, атеистаз, илбис, щайт1ан, кьуч1аб хвалица, бусурманчиясул мац1ги, к1алги гьарулел г1амалалги рук1ине ккола бащадго, рац1ц1адго, рит1ухълъиялда, ай мац1алъ цо бицун, рак1алда бат1ияб ккун гьарулел г1амалал, г1акса гьариялдаса ц1унун, гьел ращадго ц1унич1они, гьев муъминчи кколаро. Бусурбанчиясул чорхолъ чара гьеч1ого рук1ине ккола камилаб иман, такъва, Аллагьасдаса адабаздалъун х1инкъи,  мунагьаздалъун гуреб их1сан, Аллагь вихьулев г1адин, адабазда г1ибадат, т1аг1ат гьаби. Аллагьасде тавакал т1ами, сабру, гурх1ел ц1об сахаватлъи, загьирлъи, нич-ях1 гьарулел г1амалазулъ ващалъи, вац1алъи, рит1ухълъи, адабал, гьел сифатал гьеч1они дин лъугьунаро, камиллъуларо, гьел сифатал гьеч1ев чиясе, пасатал, х1арамал г1амалал толаро. Г1адамал пасатал, х1арамал г1амалазда хьвадиялъе г1иллаги гьел сифатал чорхолъ гьеч1олъи ккола. Бусурманчиясда чара гьеч1ого лъазе ккола караг1атал жал, г1исиналги, ч1ах1иялги. Аллагь т1аса лъугьунарев ширкалда колел, капурлъулел бак1ал. Бусурманчи чара гьеч1ого ч1езе ккола х1алалалъулги, х1арамалъулги, бегьулелъулги бегьуларелъулги г1орхъода, адабазда. Бусурманчияс киналго лугбуца, ай бераца, г1ундуз, к1ал-рак1алъ, квераца, х1ат1аца ва г1авраталъ гьарулел г1амалал гьаризе ккола Къуръан х1адисаздаса борцун, Асх1абзабазда, имамзабазда нахъа рилълъарал г1уламаал, г1алимазда нахъа вилълъун, г1елму ц1алун, гьикъун. Гьел г1орхъаби рахаразда, таразда абула мац1алда капурзаби мунапикъзаби гьезда гьодцурал пасикъзабиян. Вассалам ва калам Г1абдусалам.
Воре, воре, воре Аллагь гурх1улев вугилан Аллагьасда божун ч1оге, гьабич1ебги дуего хъван Алжаналде вит1уларин.
Пасикъзаби хвасар гьарун, жужах1алги къан толарин. Гурх1елалъе г1адин, Аллагь г1адлуялъе ц1акъав кколин, т1адег1анав хирияв Аллагьас киналго т1орит1айги жиндиего рокьулел, живго вихьулев Муъминзабазул нухалда. Амин.
Муъминзаби ц1унайги къосен балагьалдаса, дунги ккайги муъминзабазул сунареб даимаб дуг1адулъе.
Г1акълу, г1елму гьеч1они, иман камиллъуларо. Иман гьеч1ев чиясда
Нич, адабал лъаларо, дунги суфий, философ Юсуф х1ажи г1акълу
дагьав жагьилчи, Аллагьасе г1оло дин бицун к1алъан ана.
Кинниги т1адег1анав хирияв Аллагьасе бокьиялдалъун, дунги ккана,
хут1ана киналго лъугьа-бахъиназул, биценазул, г1акълу г1адат
биххарал х1икматазул г1ахьалчилъунги, жавабчилъунги Т1адег1анав,
хирияв Аллагьасда цеве. Альх1амдулиллагь.
Суфий Юсуф х1ажи Г1абдуразакъов
Унсоколо,   Иргьани,   Дагьистан.
2012 с.
тел. 8 963 409 54 21.


Рецензии