Назидательные
Адаб лъуг1ун бугин к1алъалел руго.
Ахират к1очарал таманал руго,
Абундачаз улка гуккулеб буго.
Аварияз сакъат ц1ик1к1унеб буго,
Армиялда г1адлу заг1ипаб буго.
Аллагьасул нух тун хьвадулел руго,
Ах1улеб какие камиллъи гьеч1о.
Анищаз хьихьарал х1акълъунго руго,
Аралде рехт1олел дагьлъулел гьеч1о.
Авар мац1 к1очарал киг1анги руго,
Ахир заманаян гаргалел руго.
Алх1ам-аттах1ият лъаларел руго,
Аваданго г1умру гьабулел руго.
Агьлу т1обит1изе рег1улел гьеч1о,
Ах1макъал мухъалин хъирхъилел руго…
------------------------------------------------
Бицине бокьараб г1емераб буго,
Бич1ч1улес къимат кьун хъван кьураб ц1але..
Беццав ватич1они, бераз валагье,
Бит1араб-т1екъабищ бицунеб лъазе.
Бицун кант1уларев бихьун кант1улин,
Буго нилъер кици нахъе хут1араб.
Бица-бицаралда хадувги вортун,
Бац1ил г1амал босун г1адамалъ ч1оге.
Бекьараб гурони нилъей щолареб,
Бакъ агиян къоял т1амизе лъунге.
Бикъарабги кванан какде хьвадуге,
Бичас гьединазе жаваб кьоларин.
Боц1иги, г1арацги г1орхъи лъач1они,
Балагь гъорлъ г1емераб батула чанги.
Бугелда г1ей гьабе, г1умру бац1ц1ад ккве,
Бечелъиялъ гуро г1амал т1ок1к1унеб.
Божуе рек1к1 гьабун хиянат ккоге,
Бицине вортуге, гьабизе ворта.
Бет1ер х1алт1ич1они х1ат1ал свакала,
Бит1араб бицунин багьана ч1ваге !
________________
Ватизе бегьула мунагь гьеч1ого,
Вац1ц1адавлъун т1убан г1умру гьабулев.
Вакъич1ого кванан кинха вук1инев,
Вегун г1умру т1ами- маргьа гьеч1ищха?
Воре дуца, гьудул, х1урал анищаз,
Вехьлъиялъул нухал рищизе гурин.
Васги рокъов вук1ун рохьове унге,
Ваче гьевги цадахъ х1алт1и малъизе.
Велъа- вохун г1умру г1адада биччан,
Вацазулъ кьал ах1ун х1асад гьабуге.
Вакъуца хвеларин хиялго лъоге,
Васигат хвелалде хант1ан х1адуре.
Ват1аналде т1аде къо ккараб г1ужалъ,
Вахчаризе лъунге-рогьо щолебин.
Вирд босун устар ккве, дин камил гьабе,
Вассалам-вакалам –гьале дир ваг1за.
__________________ .
Гьабизе лъаларев, малъизе лъалев,
Гьавго щиван абун гьикъила дуца.
Гьереси бицине рак1алда гьеч1о,
Гьелъул агьлу гуро-божа гьелда мун.
Гьит1инаб к1вах1алъул к1удияб зарал,
Гьанжесеб г1елалда лъалеб жо гуро.
Гьабизе лъач1они, гьикъизе лъайги,
Гьунарлъун рик1к1уна г1акълу бугеца.
Гьагаб ч1ух1иялда чангит бач1они,
Гьумер баг1арлъулеб бук1уна къисмат.
Гьоболасул х1урмат кквезе лъач1они,
Гьодорлъула г1умру, г1айибал щола.
Гьалмагъ кьуч1ав ккуни кумек бук1уна,
Гьуинаб раг1уца г1аданлъи кьола.
Гьац1улъ х1е камунин калам раг1анищ,
Гьавудизе лъайги- лъик1аб иш буго.
Гьекъон г1умру т1ами – дуйго х1акъирлъи,
Гьоц1оги-загьруги-мац1алъул сипат.
Гьеб к1очене гурин г1умрудал нухда,
Гьаб дица ц1алк1араб ц1еле ккезабе.
________________________
Г1емерал ратула, пикру гьабидал,
Г1емер гаргадизе махщел камилал.
Г1акълу бугез гаргар дагьаб гьабула,
Г1ададисеб гьеч1о дир малъи нужой.
Г1адамал данделъун хабар г1уц1идал,
Г1ерг1едулел ккола цебесеб кьерде.
Г1умрудал х1албихьи камилго ккурал,
Г1ад-хоч1 гьарун тола гьаракь к1удияз.
Г1енеккизе лъайги лъик1аб иш буго,
Г1амал камиллъизе кумек гьабулеб.
Г1антазул харбаца хайир кьоларо,
Г1абдал ватич1они, малъараб босе
Г1исинал мисалаз г1акълу ц1убала,
Г1алих1ажи вуго гьелъул борхалъи.
Г1елмуги-сабруги рек1елъ бекьани,
Г1азаб-зулмуялде дур черх кколаро.
Г1асру г1инкъаб буго г1акълу т1ок1азе,
Г1арац т1ок1ал руго рах1ат босулел.
Г1адлу гьеч1о гьанже улка-ракьалда,
Г1аъжуз-маъжуз буго байрахъ кодоб ккун…
______________________________
Гъвет1алъе къимат кьола т1ад бижараб пихъица,
Гъира бугони инсан иманалда хьвадула.
Гъалбац1 квач1аз хьихьула –киназдаго гьеб лъала,
Гъадил г1амал ккуралги камуларо г1умрудалъ.
Гъалмагъиралъе ният дуца г1емер гьабуни,
Гъванщаялда заразул зваргъи т1ок1аб бук1ина.
Гъугъай хехаб зобалъул ц1ад заг1ипаб батула,
Гъасда ц1а бакич1они-киса хинлъи рукъалъе ?
Гъурщал г1емер ругони ресукълъи т1аса уна,
Гъуждулъ къуват бук1аго къвариг1ел хех т1убала.
Гъалат1азда х1аллъани х1акъирлъула дур г1умру,
Гъуни буго маг1наяб-бище дуйго рекъолеб.
___________________________
Дица г1акълу ц1убазе г1емер т1ахьал ц1алана,
Дарсазул маг1на лъазе сардал г1емер рогьана.
Дуг1а-алх1ам, х1адисал рек1елъе росун тана,
Дибирасул малъа-хъвай маг1наялда ц1унана.
Диргун ургъел бикьарав рази гьавун рег1ана,
Дандияв валъаргъулеб г1амал дица босич1о.
Дармилъ риба гьабизе рек1еца хиял лъеч1о,
Даг1ба-раг1иги гьабун гьумер лъилго бух1ич1о.
Дагьалда г1ей гьабуна,г1арац-месед ц1ехеч1о,
Дирал-дурал гьарулеб нигаталда как бач1о.
Диналъе х1илла ургъун тасамах1лъи биччач1о,
Диего бокьулареб лъиениги гьабич1о.
Дица гьаниб рехсараб, ургъун бахъараб гуро,
Диего щварал дарсаз дурус гьабураб буго.
Данде рахъун, рак1 холеб хабаралде рортуге,
Даимаб рохелги кьун х1ут1аги гьаб ц1аларал !
________________________
Жакъа дуй гьабизе насих1ат бугин,
Жанисан г1енекке, г1акълу батани.
Жагьилас квер хьваг1ун тезе бегьила,
Жавгьар каламалъухъ г1енеккея цо.
Жах1да-х1усудалъул х1исаб гьабуни,
Жив-живасда аск1об квал-квадула гьеб.
Жергъеналда к1ут1ун бугьтан ц1ехолеб,
Жагьлу бихьулареб кинаб къаг1ида?
Жагъаллъи бугелъуй бекерунги ун
Жен буго рак1азул иман бикъулеб.
Жулица лъухье гьеб, гьарчица бухе,
Жамаг1ат т1аделъун, т1аса инелъун
Жавгьар-якъутг1адаб г1елмуги бищун,
Жигар бахъе дуца г1амал т1ок1к1ине.
Жужах1 х1акъаб бугин –х1алимго хьваде,
Жаваб кьезе кколеб т1олго г1умрудал.
Заман балъаргъизе бокьулев инсан,
Зодове валагье цо-цо мехалда.
Зазил г1амал босун г1адамалъ ч1оге,
Зарал дуйго бугин, берцинго хьваде.
Заруца рит1ухълъи лъиего щвеч1о,
Закон хвезабизе хиялго лъоге.
Зах1мат х1алаллъани баракат щола,
Заг1ипав валъаргъи –лъик1аб иш гуро.
Зани ч1валеб г1ужги г1умрудал бугеб,
Загьрулъун росдае воре вук1унге,
Закаг1ат бахъизе к1очене тоге,
Зиндикълъи дуца те, х1алимго хьваде.
Исламалъ малъула лъик1аб гьабизе,
Иман т1ок1к1инабун ният гьабизе.
Инсан саяхълъи тун бит1ун хьвадизе,
Их1сан камил гьабун какда вук1ине.
Ихтияр щваниги, щайха г1олилаз,
Инсул нух рехун тун хиянат кколеб?
Ирсалде рортула рек1ел жах1дагун,
Исрапчилъиялъул чорокаб къасдгун.
Иццул лъим хъублъани низам бихула,
Иях1алъулги х1асрат рек1елъа уна.
Инкар г1емерлъула,г1адамаз тола,
Икъбалалда божа, жах1да жибго те!
Квешлъи буго нилъер рагьт1еги бач1ун,
Квал-квадилеб жакъа жах1дагин цадахъ.
Калам бокьун буго гьелъул гьабизе,
Квеш бихьуге дуда дица хъван кьураб.
Киг1ан г1емер хабар бицунеб бугеб,
Ккаларал рак1аца киса-кибего.
Кверал х1алт1ич1ого х1арам ц1ехолез,
Какил адаб гьеч1о гьанже гьабулеб.
Кивехун щваниги, щиб бихьаниги,
Кванан г1оц1уларел берал ратула.
Кодоса бахъулел, балагь ц1ехолел,
Киг1ан г1емер ругел г1умрудал нухда ?
Кагъат г1емерлъидал г1адлу бихула,
Киналго г1узраби г1емерлъун уна.
Коч1ол бакъан хвани халтура лълъуна,
Кири г1емерлъилищ г1ибадат хведал.
Кверда махщел гьеч1ес гьарурал мухъал,
Кваркьи-милъир гьеч1еб х1инч1илан ккоге.
Камилал малъаби маян кьунилан,
Каранда х1алценгун дихъе рач1унге!
****
Къуркьи гьеч1ев инсан кант1изе гьави,
Къалам-кагъаталда к1олеб жо гуро.
Къват1ул харбал рицин гуро х1ажатаб,
Къуват т1ок1аб ваг1за буго къвариг1ун.
Къаркъала херлъидал хайир бук1унищ,
Къула-ворхиялъул камиллъи хвани.
Къулг1а-масжидалъул адаб гьабулищ,
Къуръан-х1адисалъулъ х1еккин гьеч1они?
Къали ц1амул ч1ик1ун гьудул щваниги,
Къор гъолев ватула аск1ове ккарав.
Къолесде квер бегьи-пасикълъи буго,
Къадру ц1унун хьваде иман ц1ик1к1ине.
Къаси къват1ал мерхьун яшав г1уц1уге,
Къадарав чиясул даража щолеб.
Къарзал г1емерлъани г1умру кьог1лъулеб,
Къул-къул г1емер гьабун г1адамалъ ч1оге.
Къасдал дагьлъизаре, замана ц1уне,
Къимат т1ок1аб гьабе кьураб г1умрудал.
Къадар х1акъаб бук1ин воре к1очонге,
Къисматалъул т1ехьалъ бицараб бугин.
******
Нагагь дица хъвараб данде ккеч1они,
Накку базе лъунге, берцинго ц1але,
Нахъе т1амун тоге т1ок1аб гьаб калам,
Найил гьоц1о г1адаб ниг1мат бугин гьаб.
Ниг1матазул т1аг1ам т1ок1аб бук1уна,
Нигатгун кванани, бисмиллагь бахъун.
Надалда г1ет1 бараб беццула х1алт1и,
Намус бац1ц1ад ц1уне борхалъи щвезе.
Нахърател-г1арцуца гьабураб гуро,
Нилъерго г1амалалъ-т1ок1аб бук1уна.
Налъи г1емерлъани г1умру кьог1лъула,
Низамалда хьваде диналъ малъухъе.
Нич буго черхалъул хаслъи ва сахлъи,
Нахъасан гаргадун алжан щоларо.
Нух бит1араб бище мурад т1убазе,
Наг1адала ккоге дица рехсараб.
__________________
Раг1ул маг1на лъалес лъабц1ул ц1алила,
Рек1ел пикрабазул камилаб калам.
Рес рекъон угьарал алфазал ругин,
Рекъарабги бищун, таваккал т1аме.
Радал вахъарасул мурад т1убала,
Рит1ухълъи ц1ехолев халкъалъ веццула.
Росдай хиянат ккун хаслъи ц1ехани,
Рах1ат гьеч1еб г1умру ирсалъе шола.
Ракьулъе рехараб мугьалъул мисал,
Рач1а маг1на гьабун нахъе босизе.
Рехсарал шурут1ал т1уразе к1вани,
Рецц-бакъ г1адамаца дуе гьабила.
Рузман къо к1очонге, к1арчамлъи х1аге,
Ригьин-ц1а ц1аруе воре гьабуге.
Рукъалъул г1узраби къват1ир гьурщуге,
Рищун кьурал мухъал мекъе рич1ч1унге.
******
Сабру гьабурасе пайда бук1ина,
Сих1ирас х1ал хисун нахъе рехила.
Санаг1ат ккараца бераз ц1алила,
Сардал рорч1ун хъварал мухъал ругин гьал.
Суалал г1емер кьун сурав босуге,
Сапарцадахъ вугин дунги нужое.
Сог1аб г1умруялъул маг1на бич1ч1изе,
Салам диеги кьун дагьалъго лъалхъе.
Сури т1алаб гьабун дунял гуккулел,
Сабаб хъванин абун кант1изе гьеч1о,
Сумал ч1ало гьабун гъибат х1анани,
Саву ч1вараб ч1ар дур рокъоб бук1ина.
Сахаватлъи хварав, хиянат т1ок1ав!
Сси гьеч1еб ч1ух1и ккун воре хьвадуге,
Соназул камиллъи-г1ибадат т1ок1лъи,
Свалат г1емер бит1е баракат щвезе.
______________________
Т1екъаб хабар бугин багьана ч1ваге,
Т1ад рекъе, ц1алулев, ц1одор г1енекке.
Т1ирун ч1ч1ей сундуе, сабру гьабун ч1ч1а,
Т1аг1амаб пихъ бугин, бокьани кванай.
Т1абиг1ат берцинлъи –беццараб буго,
Т1адчаг1азе х1елун хъулухъ ц1ехоге.
Т1адег1анав Бичас берал кьун руго,
Т1адаб г1елмуялъул маг1на босизе.
Т1аг1ат камил гьабун какал ранани,
Т1олго дур г1ибадат къабуллъун ина.
Т1арикъат рек1еца бац1ад ц1унани,
Т1ощел г1емер щвела-щаклъуге гьелда.
Т1аса унеб г1умру, воре к1очонге,
Т1аде ракь хъвалеб къо хехго бач1унин .
Т1агьаясул малъи-мух1канаб буго,
Т1ахьазда г1амал лъе, г1акъил ватани.
Т1егь гьеч1еб гъот1оца т1аг1ам кьоларо,
Т1амхал руго къоял, къадру борхат ккве.
Т1алаб гьабурабин г1амалалъ кколеб,
Т1адк1алъай гьабуге дица хъваралда.
________________ *****
Х1акълъун абунани, х1алт1уе къимат,
Х1анч1арал хинк1азухъ кьолеб жо гуро.
Х1илла-макру т1ок1лъун щвараб маг1ишат,
Х1алалаблъун рик1к1ин бит1араб бугищ?
Х1ужжа гьеч1еб даг1ба диргун гьабуге,
Х1асрат бергьун хъварал мухъал ц1алидал.
Х1акъаб калам бугин къимат холареб,
Х1акимчи ватани, квеш бук1ун лъунге.
Х1исаб-суал гьеч1еб г1умру гьеч1елъул,
Х1асад даим ккурас как балеб щайзе?
Х1алимав валъаргъун, гъаримал к1век1ун,
Х1алихьатлъун вук1ин-бит1араб бугищ ?
Х1акъикъат хисараб, рияъ г1емераб,
Х1алада ч1олареб къавм баккун бугин.
Х1ежалде аралги ахират к1очон,
Х1инкъараб г1амалгун г1адамалъ ругин.
Х1ет1е бит1ун лъуни х1арщулъ кколаро,
Х1укму г1емерлъани г1адлу чучлъула.
Х1алухъин бак1аре -херлъи щвелалде,
Х1ал рекъон угьарал х1урупал ругин.
****
Ц1ияб г1умруялъул маг1на би1ч1изе,
Ц1але дуца т1ахьал- т1ок1лъи босизе.
Ц1одорлъигун, г1акълу г1емерлъунилан,
Ц1аралъе мукъсанлъи лъунеб жо гурин.
Ц1адал лъин щвеч1они т1олго х1алухъин,
Ц1а г1адаб бакъуца бух1ун рехулин.
Ц1алдохъан лъик1лъани лъайги т1ок1к1улин,
Ц1унц1раг1адин х1алт1е х1асил лъик1лъизе.
Ц1уна-къай гьеч1они т1олго маг1ишат,
Ц1еца кагъатг1адин бух1ун рехулеб.
Ц1огьорасда цадахъ даим х1аллъани,
Ц1ар дур рогьо-ничалъ чорок гьабулеб.
Ц1удул г1амал босун г1умру гьабуге,
Ц1акъго къуватавин къват1ахъ ах1доге.
Ц1алаца бухулеб чулъун вук1унге,
Ц1алун г1адахъ босе дица хъван кьураб.
2000 сон
Свидетельство о публикации №215102401521