Пикрабазул ц1ад

Хъулухъал г1емераб, г1умру учузаб,
Улка-ракь гьикъани къосине гурин.
Къимат гьеч1еб г1арац, къарал заводал,
Законазул кутак кагътида бугеб !
   Бич1ч1изе зах1матаб, бечелъи т1ок1аб,
   К1удияб пачалихъ, хъарцинлъараб ракь.
   Раг1а-ракьан гьеч1ел ч1ег1ерал ракьал,
   Рикьун, ричун унел – ролъуе гуро !
Грибоедов анищ ургъел бикьизе,
Гоголил «рух1алгун» радалгин-къасе.
Къуватав Некрасов Россия бихьун,
Рек1ел унти бач1ун боснив ккелаан.
   Ришватаз, чекаца ,Чубайс-дацица,
   Чанги гьумер бух1ун х1ал хисана дур.
   Х1айдарил дарсаца демократазе,
   Дармилал нухазул хаслъи бикьана.
Борис Ельциница цох1ониги рельс,
Нахъе босун инч1о махул нухдаса.
Маг1на гьеч1ел х1аял халкъалъе гьарун,
Гьардезе т1амуна т1олго х1укумат.
   Дума, дур х1укмаби х1анил чадаллъун.
   Даим нижер кванилъ х1алт1улел руго.
   Х1орал раг1абазул заборал гьарун,
   Партияби руго таманал нилъер
Немцов-Хакамада хайираб бищун,
Халкъалъул ургъелаз ракъвалел руго,
Рогозин, Зюганов заман иналъе,
Лъик1ал харбал рицун хенелел руго.
   Хиянат хаслъараб улка- ракьалда,
   Халкъалъул мискинлъи машгьурлъун буго.
   Хассал олигархаз цоцахъе ц1алеб,
   Ц1огьал гьарзалъараб Россия ч1ахъа !
1997 сон


Рецензии