Игьалибе кагъат
Ассаламуг1алайкум , хирияв гьудул !
Гьа , бице щиб бугеб бат1ияб хабар ?
Хараби кин ругел , хур-ах кин бугеб ,
Хасел –их бигъанищ , щокълъи ц1ик1анищ ?
Гъалмагъир дагьлъанищ , даг1ба лъуг1анищ ,
Дибирасул ваг1за рак1аз босанищ,
Бикъулеб -хъамулеб хъвавулъ хут1анищ,
Хъаравул теч1ого мегъал х1ет1улищ ?
Х1аримазул ракьал х1алхьуда ругищ ,
Х1ал рекъон жамаг1ат цойида бугищ ,
Бицунеб, гьабулеб цо нухда ругищ,
Рахъазде бахъунеб жамаг1ат бугищ ?
Бегавулги какун , какдеги хьвадун,
Камиллъи х1алт1уе лъугьунеб бугищ ,
Лъимал адаб бугел рижулел ругищ,
Жамаг1ат каказул камиллъи бугищ ?
Маг1ишат т1ок1аца закаг1ат бахъи,
Шарг1алъул нухдасан бачунеб бугищ,
Чияр х1акъ бугеца т1аса лъугьаян ,
Т1адаб борч т1убазе хиялго лъолищ ?
Хваразде зиярат г1емер гьабулищ,
Г1елму т1алаб гьабун г1олилал ругищ,
Г1ибадат т1ок1к1ине х1ежалде арал,
Х1арам ц1ехеч1ого хьвадулел ругищ ?
Рохьазул зигарди лъуг1улеб гьеч1ищ ,
Гьуинаб, кьог1аб лъин росдай г1олебищ,
Г1адамазул рокъоб резил т1аг1елал ,
Рикъа – хъамич1ого парахат ругищ ?
Почол къалабазе турбаби рикъи,
Колхоз хваралдаса дагьлъулеб гьеч1ищ,
Гьанже хьиндалазул ахбазан курак,
Завод –фабрикаялъ босулеб бугищ ?
Лъай камил гьабулел мактабал ругищ,
Мадраса х1алт1изе х1ал росдал бугищ,
Х1урал г1ачиязе г1амал берцинал ,
Г1ухьби щолел гьеч1ищ жамаг1аталъе?
Г1ак1иручнахъ ферма янгъизго бугищ,
Рохьдой чали гьаби чумартго бугищ,
Чукъурида жаниб къуватаб рихьи,
Къот1ич1ого бугищ?-, бицея гьудул .
Балала делянка чанц1ул кьабураб,
Бекьхва сагабазда боц1и кваналищ,
Бакъда ц1ибилалъе мичилго ч1валищ ?
Байдан бекьизе рукь росулъа щолищ ?
Салихури сага , Кьенущи т1алъи,
Т1аг1амаб пихъица гьарзалъун ругищ,
Сагъи кафеязул квеналъул т1аг1ам,
Т1олгояз беццулищ сапарчаг1аца ?
Рек1ел пикрабини киг1анги руго,
Керен чучун дуде рикьизе , гьудул,
Дуца г1айиб ч1ваге ч1амуч1лъунилан,
Г1олохъанал сонал цере т1амунин.
Т1амчиде угьараб ургъалил чит1ир,
Унтуй дару г1адаб буго вац, дие ,
Дица гьалда тана , къо – мех лъик1 дуе,
Къвариг1елалъ ине заман щванин дий…
2002 сон
Свидетельство о публикации №215102401532