Сундуе дий ц1али, муг1алимзаби?
Ч1амуч1ал харбазул хайир сундуе?
Хасс гьабун ц1ехолел иксал- игреказ,
Ирсалъе щибниги нахъе толаро.
Теоремабазул малъа – хъваязги,
Маг1ишат т1ок1лъизе къуват кьоларо.
Къойил тарих ц1алун унтула бет1ер,
Т1аг1амго щоларо школалда дие.
Достоевскиясул «Такъсир ва тамих1»,
Тургеневас хъвараб «Улбул ва лъимал»,
Ургьир рекъоларо, данде кколаро,
Кидагосеб унти улкадул бук1ун.
«Жакъасеб къоялъул бах1арчи» ц1алун,
Х1ал рекъей лъунаро,гьалмагъ Лермонтов.
«Хваразул рух1алги» х1укуматалда,
Гоголь дур гурелги г1емерал руго.
«Г1акълуялъул балагь» гьарзалъун буго,
Грибоедов жакъа къарнудал нухда.
Некрасовас хъварал т1олго асарал,
Т1аде ккараб х1уралъ рихьулел гьеч1о.
Ришват босич1ого гьабулеб ц1али,
Гьадингосеб ишлъун бихьулин абун,
Хлестаков к1алъала к1ал гьикъун дида,
К1иго бет1ер сундуй, бице гербалда?
Балагье сверухъе, вихьулищ Чехов,
Чорокал г1амалал даим ц1алк1улев?
Ц1ар араб «Аншлагалъ» асир гьабураб,
Гьанжесеб замана, бицинесеб щиб?
Школал унтун руго лъималгин цадахъ,
Лъай х1ажат гьеч1еблъи гьездаги лъала.
Долларал ругони рек1елаб мурад,
Россиялда кибго т1убалеблъи лъай!
Лъик1аб г1умру буго бач1ун рагьдухъе,
Рух1ияб хазина х1ат1икье ккараб.
Х1арам г1емерлъиялъ къосараб г1асру,
Къабул гьабун кинха даим вук1инев?
2000 сон
Свидетельство о публикации №215102401537