Ц1ияб заманаялъул пикраби

Демократаз халкъалъе гьарурал къот1абазухъ, халкъалъ гьезие гьел г1умруялде рахъинаризе кумек гьабула.
                ***
Коммунизмаялде бахъулеб бук1араб нух лъик1аб гьариялъул (гуманитарияб) кумек гьабиялдалъун лъуг1ана.
                ***
Хьами: «К1алдир ругелщинал цаби-г1усал гъваги дур, г1иц1го цо г1ус хут1изег1ан- мех-мехалъ унтизе бук1ине».
                ***
- Официант, дир чурпаялде гъорлъе т1ут1 ккун буго.Хисе дир гьеб.
- Т1аса лъугьа, кваналев, т1ут1ал т1ок1ал гьеч1о…
                ***
Щибаб Ц1ияб соналда нилъеца  цо чанго азарго нак1ил гъвет1  «ч1вала».
Хадуб ч1вадарухъанасда кинниги,  «жаназаялда» щиб гьабилебали лъаларого хут1ула.
                ***
Цо г1акъилав чияс абун буго: «Мискинавлъун вук1ине к1оларесда  бечедавлъунги вук1ине к1оларо»-ян
                ***
Г1арабаца абула: « Дагьал рук1уна мискиназул тушбаби, амма бечедазул гьудулзаби рук1инего рук1унаро»-ян.
                ***
Г1арабазул кици буго: « Ч1ужуг1аданалда балъголъи бицунев – жиндицаго гьекъолеб чагъир ц1алк1уялъубе т1олев ккола»-ян
                ***
Гьабизе рак1алда бугеб нахъе т1амун тей – заман бикъулеб ц1огьор ккола.
                ***
Махсаро ккола г1умруялъул карачалабалъ живго хвасарлъиялъе рехулеб гор.
                ***
Махсароде абураб раг1и, рак1 хвеялде ц1ан, питнаялде вортуге.
                ***
Гьими гьумер гвангъизабулеб даражаялъул бугони, гьелъ рек1еде рук1к1алаби рехуларо.
                ***
Киналго гьекъолдухъаби лъабго бат1ияб тайпаялде рикьула: дагьаб гьекъолезде, нечаразде ва киг1ан  т1униги гьекъолезде. Дагьаб гьекъолел – киг1ан гьекъаниги дагь бихьулел, нечарал – мехтидал къед  кквезе рортулел. Киг1ан г1емераб т1униги гьекъолел- рарчун рокъоре щвезаризе кколел.
                ***
Дир анищ буго лъималазул тохтурлъун вахъине- цинги катал, бах1лаби, г1анк1ал ва х1анч1и сах гьаризе.
                ***
Бикъанищ – цойгидасеги кье !
                ***
Тимур Гайдарица рагъул ветераназе кумек гьабулеб бук1ана, гьесул вас- Егорица гьезул данде рехараб мал х1урудахъ инабуна.
                ***
Г1умруялъулги- киноялъулго г1адинаб «Ахир» абураб хъвай- хъваг1ай бук1уна.
                ***
Демократаз бикъанщинаб данде рехани «Перестройкаялъул гох1» абураб мег1ер лъугьина.
                ***
Абула: киназдаго г1айиб бугеб бак1алда, цониги г1айибияв ватуларилан.
                ***
Абула: азарго нух бугилан г1адан къосиналъе, амма х1акъикъаталде - г1иц1го цох1о   гурони гьеч1илан.
                ***
Цо г1акъилас абун буго: к1ох1аласул заманги к1ох1алго унаян.
                ***
Г1арабазул кици буго: «Г1алимчи – жиндирго ват1аналда ракьулъ букъараб месед вуго»-ян.
                ***
Абула: жагьилаллъун рук1уна, гьединаллъун гурони рук1инарилан нигат ккурал.
                ***
Абула: цоял машгьурлъула нахъе тараб ц1аралъ, цойгидал- гьабураб къабих1аб ишалъ.
                ***
Абула: бокьарасе ихтияр кьун буго бокьараб гьабизе, амма лъилниги рак1 бакъвазабулареб куцалъ.
                ***
Рищабазда щварал гьаркьал рик1к1иналдаса, гьел ц1адирабазда лъун ц1азе лъик1ал руго.
                ***
Абула: гьоркьоса къот1и гьеч1еб х1инкъи инсанасе инсанасдасан бук1унилан.
                ***
Цояс абуна: «Х1алива дицаго босараб буго: бокьани кванала, бокьани- нуц1ида жужала»-ян.
                ***
Лъазаби: музеялъ росулел руго жеги лъихъниги рук1инч1ел скелетал(къаркъалаби). Багьа-къадар – къот1иялда рекъараб.
                ***
Г1арзаялда хъван батараб: Цох1о моц1рол харжалъухъ к1игьарудал гьаруларо.
                ***
Х1акимчи – гьев ккола нилъ т1ад г1одор ч1араб г1аркьел. Гъоркье лъугьиналдего гьеб къот1изе лъугьунге.
                ***
Масжидазде нухал хасал иг1ланаздалъун рихьизарун рук1унаро.
                ***
Щибниги квешлъи хут1уларо ракьалда т1ад цо- цо мехаллъг1аги лъик1лъи гьабизе нигат щивас ккунани.
                ***
Тукен- базаралда къайи –ц1акъ г1емераб бук1ин – г1адамазухъ г1ураб къадаралда г1арац гьеч1олъиялъ лъугьараб буго.
                ***
Чорхолъ гьеч1еб унти сахлъизабулеб къаг1идаялъулаб зарядка гьабизе бегьулищ дие, тохтур ?
                ***
Г1акъилав бечелъула чияр г1антлъиялдалъун.
                ***
Нилъер халкъалъе билизе хут1араб щибго гьеч1о, г1иц1го х1укумат били гурого.
                ***
Халкъ, т1ад тараз, бит1араблъун рик1к1уна, амма  ихтияралги гьезухъ теч1ого.
                ***
Унти  азарго буго, амма сахлъийин абуни – цо бук1уна.
                ***
Бицуна: доллар гъурщил гьудул гурилан.
                ***
Цо инсуе анц1го лъимер кваназаби бигьаяб буго, анц1го лъимералъе цо эмен кваназавизе ккеялдаса.
                ***
Персаз абула: « Мунго анц1го бет1ер бугеб аздагьоялда гурев, к1иг1аркьелаб мац1 бугев г1адамасдаса ц1уне»-ян.
                ***
Г1арабаз абула: «Ах1макъазул рак1 мац1алъул т1огьиб, г1акъилазул- рек1елъ бук1уна»ян. 
                ***
Абула:  Мунагьал гьарзалъидал – рогьо-нич т1аг1унилан.


Рецензии