Огь, гьал рекламаби
Рихьах1ун рук1уна нижер бабада.
Бет1ер унтиялъул ургъелго гьеч1о,
Урхъун йик1уна гьей гьел рихьизелъун
«Маги-магийилан» бакъан раг1идал,
«Дирол» кодоб ккола ,»Комэт» къакъала,
Колготкаби рецци цебе бач1индал,
«Цитрапар» гьекъола, гьоло букъула.
Рекламаялъ кьолеб кутакаб г1акълу!
«Бальзам Биттнерица» бот1ролъ ц1унула,
Базаралде ине «Запу» бачиндал,
Тормоз х1ажат гьеч1о,»Сникерс» х1анч1ула.
Х1алт1уде унелъул нагагь кват1ани,
«Кетбери» сунт1ула, «Гентос» кванала,
Квачараб хасалил сог1лъи баккани,
«Афлубин» гьекъола – къалал сахлъула.
Херлъи загьирлъулеб г1аламат лъани,
«Никомед» батула байтулман кодоб.
Кванилъ жагъаллъиялъ зарал кканани,
«Злато» нах бук1уна лъабабго ригьалъ.
Лъач1ого хъег1ани, г1ундул унтани,
«Доктор Мом» к1алъала- к1албазар дида.
Зодое йоржине хиял лъунани-
Хекко «Масквелл» кофе кумекалъе щва!
Щарил нахал руго нусго бат1иял,
Щаг1ил т1аг1ам бугел «Делми» ва «Рама».
Рек1ее бокьарав бот1ролъ пархани,
«Хэппи Мил» кодоб ккве, керен чучизе.
Чаязул бицунге, чилъи бух1аял,
Чорхол гьава бугин гьалаг гьабулеб.
«Беседа»,»Грандалъул» нахърател гьабе,
«Нескафе» к1очани мунагь бук1ина.
Бот1рол рас пунщизе «Хелден Шолдерсил»,
Ханждай родол г1адаб къуват батана.
Рокъоб х1ур кканани пуй-ч1вай гьабизе,
«Эльджи» пылесосалъ гьабулеб кутак!
Рет1ел чороклъани лъик1аб батана,
Лъаг1алил харж кунеб «Ассалъул» шиша.
Шикалат бокьарас Россия бецце,
Рак1 гьарзаяб бугин, расги х1инкъуге!
Дун щвараб бак1алда шайт1ан батани,
«Шок» къват1иб бахъани т1урун уна гьеб.
Т1уладе чудкаца гьужум гьабуни,
Гьуинаб «Галстена» къедлъун ч1ола дий.
Ч1ахъаги реклама – экраналъул хан!
Хассал олигархал хьихьулеб балкан.
Бакъараб халкъалъе ханжу-ц1ан сундуй,
Сакъис- рекламаби лъуг1изе тоге!
Метер рекламаби хвезе ратании,
Хваги Останкино жаниб токги сун!
Нерваби сахлъулеб, сих1ру кутакаб,
Телевизор дуе- дерхъаб ва сахлъи!
1999 сон
Свидетельство о публикации №215102401548