***
Къо ана г1умрудал цойги сон хъамун.
Хъах1ал расал руго рач1ун гьоболлъухъ,
Гьурмал рук1к1алаби цадахъги рачун.
Цо-цо ккун берзукьа рортула сонал,
Рух1дакълъун лъугьунеб-гьале къаркъала.
Гьаругьин росулел г1едерал х1ат1ал,
Г1умру, мун кибедай г1едег1ун бугеб ?
Г1акълу бугониги кант1улареб рак1,
Кумек лъидасандай гьанже дуй щвела ?
Дунял хашалаго хиялаз ч1вараб,
Херлъи решт1инарин бук1инч1ищ нигат ?
Нилъ цо-цо ккун уна ахираталде,
Инагьдулеб пикру рек1елъги ц1унун.
Рек1к1аб жо батула байтулман дунял,
Дида херлъи щведал лъана гьаб г1умру!
Аллагьас нилъее г1умрудай кьураб,
Г1емер-дагь гьабизе к1олеб жо гуро.
Бугелда г1ей гьабун, х1алалаб ц1ехон,
Х1алада ч1анани ,рит1ун ккеларищ ?
Кьалбал жагъаллъараб гъот1ол хасият,
Херлъидал инсанас загьир гьабула.
Гьороца хъамулеб т1амах кинниги,
Т1арамагъадисел соналги лълъуна.
Киг1ан кутакавги, заман аравги,
Ракьул чохьонире лъугьине руго.
Гьелъукьа лъутизе хиялго лъоге,
Лъидаго гурх1изе к1оларин хвалда…
1977 сон
Свидетельство о публикации №215102401552