Херлъиялде

Рак1алда гьеч1ого решт1уна херлъи,
Нодо рук1к1алабаз бук1к1ине гьабун.
Бот1рол расал х1улун, х1алценгун цадахъ,
Цойги г1узрабазул г1ансаги г1унт1ун.

Г1олохъанлъи уна хехаб гьурилъун,
Хадусеб бач1унеб хехлъизе гьабун.
Хиялаз гуккула , анищаз ккола,
Щиб жо г1умруяли хадуб бич1ч1ула.

Халатаб нухлулги бук1уна ахир,
Бихьарасда лъала гьелъул х1акъикъат.
Къуватаб батула г1умруялъул лъак1,
Г1адамаз къимат кьун маг1на ц1унараб.

Нилъ киналго уна раг1ад кинниги,
Рек1ел пикрабаца дуниял борцун.
Бет1ергьан разияб г1амал ккуразе,
Кидагосеб алжан – буго ахират.

Херлъиларин дунин даим хьвадуге,
Дудаса кутакал ракьулъе анин.
Рик1к1ун кьурал къоял къокълъун ратулин,
Къадаралда божа, бич1ч1а рехсараб.

Рак1алда гьеч1ого гьале дир нуц1а,
Доб херлъиялъ буго балъго рагьулеб,
Бач1аха жанибе, гьоболлъи гьабун,
Гьанже цадахъ рук1ун г1умру гьабизе…



1998 сон


Рецензии