Гъот1ол къисса

Г1ашт1и босун унев г1аданги вихьун,
Г1амал к1удияб гъвет1 к1алъана гьесда:
«К1олеб батанани дида сверухъ бак1,
Буссун, къот1ун рехе, канлъи бихьизе!»

Балагье сверухъе, саяхъ буго дун,
Бакъул т1аг1ам гуро, раг1дукьги ч1алг1ун,
Ч1аголъи гьеч1ого хут1ун бугин дун,
Бегьулеб батани, г1едег1ил гьабе.

Г1урчинал т1амхазул макьу хун буго,
Миккил, лъорил гъут1буз т1аг1амги бахъун,
Т1ад хъепун залимаб бигьаридул гъвет1,
Гъаримаб дир рек1ел к1ут1и раг1улищ ?

Т1еренаб рохцигун , рух1дакъаб г1аркьел,
Г1ажизаб г1умрудал г1азабалъ руго.
Зулму т1аса рехе, рохьил удаман,
Мун гурес бигьалъи гьабуларин дий.

Гьав г1ашт1иги босун щвана гъот1окье,
Гъурун-ччух1ун бана сверухъ бижараб.
Бач1араб г1ат1илъи – ч1аголъана гъвет1,
Ч1ух1иялъул кутак- бергьенлъи щведал !

Амма гъот1ол рохел халат бахъинч1о,
Бакъул ч1ораз буго ч1урх1ун рехулеб.
Гороялъ ц1ал кьабун, ц1адаца бухун,
Бук1ана гьеб пакъир къояз- лъаг1елаз.

Бахъараб гьороца хъвалхьунги рехун,
Рак1 бакъван лъугьана, гьумер бук1к1ана.
Гьелъул кьалбазда гъоркь бегараб бакьуч,
Бет1ергьеч1ин абун  нахъе т1урана.

Гьал щинал сонаца г1умруги т1амун,
Т1адагьго бук1ана гъут1бузда гьоркьоб.
Бакъ бух1и бук1инч1о, х1инкъи бук1инч1о,
Х1ал рекъон къамартго бук1ана рохьоб.


Рорхатал гъут1буца лъимер кинниги,
Лъик1аб хъулухъ гьабун ц1унулаан гьеб.
Гьел херлъун хут1улеб заман щвелаан,
Щай мун г1едег1араб г1азаб ц1ехезе ?

Г1акълу х1алт1ич1они х1акъирлъи щола,
Х1ал рекъон кидаго г1адамалъ рук1а.
Рек1ел хинлъи гьеч1еб гьудуллъи сундуй,
Сабруялде хьул тун воре рук1унге.

Рохьоб гъот1ол мисал инсанас ккуни,
Рек1екълъи бихьила, къадру дагьлъила.
Къо х1ехьей гьеч1они ч1ух1идул х1асрат,
Дуца г1умруялъул  байрахълъун тела.

1986 сон


Рецензии