Херлъи к1очарасул г1узраби

Херас тохтурасде калам гьабуна:
Дун унтун вугилан , берал чвахулин,
Мег1ер чвахиялъги рах1ат толарин,
Рецептг1аги гьеч1ищ , бигьалъи лъунеб ?
     Киналъего г1узру херлъи бугилан,
     Херасда тохтурас бич1ч1инабуна.
     Бераздаги гьанже бихьулеб канлъи,
     Заг1ипаб бугилан херав к1алъана.
Херлъиялъ буго гьеб, бет1ер ч1ахъаяв,
Ч1аголъи бикъулеб, берал унтулеб.
Тохтурасул кумек кинаб бук1инеб,
Батуларин дару херлъи хъамулеб.
     Мугъзал унтиялъги толаро х1алхьи,
     Тамашалъи гьеч1ищ, ч1аголъи лъуг1и?
     Гьелъ гурищха херав, хасал унтаби,
     Ургъел ц1ик1иналъе нилъее щолел ?
Щибаб сардилъ хъег1и реч1ула каранлъ,
Кинха макьил т1аг1ам черхалъе щвелеб?
Руго херлъиялъул хасал свераби,
Дараби кьуниги низам лъунарел.
     Нилъеда херлъиялъ гьоболлъи лъуни,
    Лъидаго к1оларо гьеб нахъе гъезе.
    Дарабазул къуват кинанха г1елеб,
    Г1адамасул херлъи  хисун рехизе?...
Дур дараби дие х1ажат гьеч1илан,
Х1ал хисун семана тохтурасде гьев.
Мун ц1алараб вуз щиб, шайт1абаз кквеяв,
Шагьи-параг1аги сундухъ дуй кьолеб ?
    Дун г1адинал херал хашадила те,
    Хасазе квербакъе, рикъзи лъуг1аяв!
    Г1абдал дунго вуго духъе вач1арав,
    Дур ч1анабаз дие хайирго кьеч1ин !
Халг1ат т1аса бахъун, квералги чурун,
Берцинго к1алъана херасда тохтур:
Хехлъи, цидахинги, диде семиги,
Дуе херлъи бач1ун щварал ругилан…

2003 сон


Рецензии