Х1икматаб идара

   Щибав чиясул г1умруялда жаниб бук1уна к1очонареб, рак1 гъанц1изабулеб, бицине бокьулареб чанго лъугьа- бахъин. Гьелъие г1илла – г1умру - «щибав инсан х1еренго х1ухьел бичан х1алт1улеб…» х1укуматалъул г1уц1иялда бухьараб бук1иналъ.
   «Цебе х1апдейцин бат1ияб бук1анила гьабзазул»,- ян рак1 унтун бицунаан дие к1удадаца. Гьанжейин абуни, налогалъул полициялъул яги таможныялъул талон гьеч1ого х1апизе рес щоларо,-ян пашманго бералги къапезарун, къваридго ургъел бикьулеб бук1ана, херлъун тату хвараб Аргъуталъги. Пикрудал х1енех1 дир рахъалдехун рехулеб бугилан  кколаан гьелъухъ валагьидал.
   Г1адамазул г1амал- хасият ккола г1умрудал роценалъе къимат кьолеб далил. Нилъер улкаялда дандч1валел г1ажаибал лах1затаз рах1ат теч1ого, налъулавлъун ккана дун дидаго дандч1вараб лъугьа- бахъиналъул х1акъалъулъ «Бахьикъосалда» бицине. Иш бук1ана гьадин.
   Хъулухъалъулаб ишалъ дун ине ккана цо х1икматаб идараялде. Гьеб картаялда балагьизе лъугьунге. Батуларо!
   Жакъа къоялда чехьалъул иш рук1алиде ккезабич1ого кивениги вахъине  бегьуларо. Вакъуца хола, ццидахуна, хадуб иш мекъиса ккола  . Лъик1аб  т1аг1амаб чахъдал гьанал белъараб гъадароги ургьиб парахат гьабун, таваккалги т1амун, дун рокъоса къват1иве лъугьана.
   Г1емер кват1ич1ого дун гьеб идараялъул кавудал  к1алт1е щвана. Рагьана нуц1а, рац1ана  хьитал.
   Малиялъул х1ок1ит1а х1ет1е лъолаго цо гъугъаб, хъач1аб гьаркьица нахъ вуссаян ах1улеб раг1ана. Ц1акъ рек1ее г1еч1ого, дун нахъ валагьана.
   - Ле, х1айван, инсул рокъове кинниги ламхьулев вугогури. Щиб дур хъулухъ, лъихъе мун ?
   - Дун дирго ишалъ унев чи вуго.
   - Мунали ина, изну кьеялъул кагъат босанани. Дуда гьаниб Хасавюрт базарищ батараб ? Перестройкаялъул къого сон буго, дурин абунани г1акълу инкъилаб бахъулеб мехалъ  бук1араб г1адаб бихьула.
   - Гьабгощинаб гъвалгъва гьабич1ого, бич1ч1инабизейищха дур пикру бегьулареб ? Тоже мине, фраер… Киса гьел нужер кагътал росизе кколел ?
   - Квег1исаги кьурун, микьго гали г1ебедеги т1амун, ич1абилеб гали –кваранисахун, цинги – бит1ахъе индал лъухъабго гордо бихьила дуда.
   Гьай, аман, ах1макъаб бет1ер ! Каламалъул камиллъи бихьуларищ - абурал  пикрабазда гъорлъ, гьеб гордо бугелъуве  щвана. Дица к1ут1ана. Сих1къот1и. Цойги нухалъ к1ут1ана.
   - Ле, х1анк1вара,- ян сог1аб гьаркьида к1алъана жанив г1одовч1арав.
   - Щиб дуе х1ажатаб ?
   - Изнуялъулаб кагъат.
   - Цо дагьалъ ях1 гьабе !
   Гьазул г1адинаб г1антаб идара- контора дида жеги бихьараб гуро. Къват1исеб х1укуматалда иш бук1арабани, паспорт ц1ехелаан, полициялде ах1илааан, ах1и- х1ур бахъинабилаан… Гьумер х1ажалъулареб, квералъ кьолелъул гуронани х1асрат гьеч1ел идараби.    Кват1ич1ого цидул г1адинаб, гъал-гъалараб рас  т1ад бижараб квералъ къват1ибе бегьун бач1ана кагъат.
   - Анц1го гъурущ,-ян  добго хъач1лъиялда т1аде жубана гьес.
   Къокъго абуни, кодоб кагъатгун, рек1ее лъугьараб бигьалъиги бахчун, дун добго х1ехь г1одоб ч1араб гордухъе щвана. Гьесул цидалал берал дида пулемёталъул гулилъун реч1ч1улел рук1ана.
   - Гьанже ине бегьула. Бумага есть-галава ни нада,-ян пунщана гъобго х1ехь. Кагъат гьеч1онани, гьаниве бокьарав лъугьине бегьула. Жаниб бомба лъун анани ккезесеб щиб ? Т1ок1алъ мун х1ажатаб пропуск гьеч1ого дида аск1ове къаге !
   - Анц1го гъурущ ккола  дудаса,- ян  раг1иларедухъ абуна гьесги.
   Дида рак1алде ккана гьазул «Червонная палата»  яги гьазда анц1иде щвезег1ан гуронани рик1к1ине малъун батиларилан.
   -Ма, лъималазе йогурт босе,-ян дица гьесухъе г1арац бегьана.
   -Хехлъи гьабун бухъизабе дурго къвариг1ел т1убазе гьаниса,- ян  гъул-гъудана х1ехь.
   Малидухъа эхеде вахун дун жанах1алъуб г1одоб ч1ч1араб кобраялде аск1ове щвана.
   - Кин дида ватизе вугев пенсионний отделалъул бухгалтер Босуларев ?
   Гьесул маг1арзул къалазда хъепун рук1арал ц1ороберал гьункьун рач1ана ва надида цуна.
   - Кагъат кье, кагъат !
   - Дун ц1огьохъего вач1арав гуро. Кагъатги босун, кинабго х1акъикъатги лъазабун.
   Гьес дихъа сородилел квераца кагъат босана ва х1алимабин кколеб гьаркьидалъун абуна:
   - Босуларев сабраниялда вуго. Хадусеб анкьалда вакке. Т1убараб анкь буго гьесул босииялъул ва бикьиялъул тартиб лъазабулеб.
---Лъик1 буго. Дир къвариг1ел – г1анк1 гуро - гьеб рохьобе лъутиларо. Дуе къо-мех лъик1.
   -Ле, лъалхъе! Кагъат кьея дихъе. Дица «пенсия» абураб раг1улъ бугеб «я» х1арпалда т1ад х1уч ц1ан телин. Гьеб гьеч1они, мун нижер идараялдаса къват1иве вичазе гьеч1о. Анц1го гъурущ кье гьеб ишара лъуралъухъ.
Кьуна – гъов гьимана ва  берги къинк1ун т1аде жубана:
   -Дие «Золотая Ява»  г1ола,-ян .
   Ц1идасан малидухъа гъоркьеги лъугьун дун х1ехьалда аск1ове щвана.
   - Киве унев ? Лъалхъе !
   Дица цим бахъун абуна:
   -Ле, кагътилав, дун рокъове нахъ вуссунев вуго. Нужер гьаб г1антаб идараялдаса вохизе жо щибго гьеч1о.
   -Пропуск кьея гьанибе.
   - Ма.ле, ма ! Дие гьеб х1ажат гьеч1о.
   - «Пенсия» абураб раг1иялъул ахада бугеб х1арпалда т1ад ишара лъун бугищ ?
   -Дуда гьеб бихьуларищ, ле ?
   -Дида ц1алдезе лъазего- лъаларо. Гьа, гьедин батани, ине бегьула…
   Г1ет1улъ вец1улаго дун гьениса къват1иве лъугьана. Дирго ццим     чучизабизе  аск1об бук1араб кафеялде щвана. Цо къвак1араб чайдал стаканги вархьизабун,  дирго ккараб-тараб бицине гьудуласухъе вилъана. Унхалева, анц1го гъурщил гуронани мац1 лъаларез лъик1аб дарс лъуна дие жакъа.


Рецензии