Назидания

Нагагь дуда мина базе рак1алде ккани,
Мадугьаллъи ц1ехе иман камилаб.
                #
Ракьул даг1ба балеб х1икматаб агьлу,
Маг1ишат щванани- Аллагь к1очонеб.
                #
Дунял хашанщинал хабалъ рукъанин,
Хашараб киб араб, цадахъ букъанищ?
                #
Т1екълъи къавуда хьихьун къоял т1амулев,
Къуват бугеб г1олищ, г1акълу гьеч1они?
                #
Хьандезе, зулмуялъе заман батулев инсан,
Батилаха дурги хьул алжаналде лъугьине?
                #
Нагагь нухлуласда г1арац батани,
Бет1ергьанчи ц1ехей бук1унареб щай?
                #
Ч1ужуг1адан, дуца воре  даг1ба г1уц1уге,
Г1ажал т1ок1аб щолин дур к1ал сабаблъун.
                #
Къарзалъ г1арац кьейин г1адан вач1ани,
Г1акълуялъул роцен цебесаб гьабе.
                #
Ч1ег1ер рак1ал ругез ч1ег1ер щай балеб,
Ч1ух1иялъул х1асрат чорхолъги бахчун?
                #
Рек1ел диналъ гуро нилъ цолъун ругел,
Цоцазул г1узраби г1емер ц1алк1иналъ…
                #
Г1амал мукъсанлъиялъ, мунагь ц1ик1иналъ,
Ц1ар арал цо-цоял гьаб г1умруялда гъорлъ.
                #
Гъибат- бугьтаналъул беролел иццал,
Ракьулъ гуро ругел- нилъер чурхдузулъ.
                #
Агьлу т1обит1изе заман г1оларез,
Т1арикъат сундуе къабул гьабулеб?
                #
Какал г1емер ралев Г1адамил лъимер,
Г1амалалъул ч1ух1и тезе к1оларев.
                #
Жидерго г1узраби г1емер ругезда,
Цойгидал ц1алк1ине батулеб заман!


                #
Г1адамал ц1алк1улеб ц1алк1уги ургъун,
Ц1ар машгьур гьабулел цо- цо г1адамал.

Мекъаб тарбия кьун «къадру» борхараз,
Къосун буго нилъер жакъасеб г1умру.
                #
Фарзалъул камиллъи кинан лъугьинеб,
Кинабго суннатаб т1алаб гьабуни ?
                #
Дуг1а заг1иплъараб – бач1араб заман,
Ният бат1улаб ккун какде хьвадулеб.
                #
К1алзулги , рек1елги – к1иго бат1ияб,
Буго сужда нилъер, хайир кьолареб.
                #
Дибирасул малъи г1ад- хоч1 гьабулез,
Г1амал хисиялъе хаслъи кколаро.
                #
Г1ибадат балъаргъун биччалеб г1умру,
Мункар- Накир щведал щибилан телеб ?
                #
 Х1ежалде унелъул гьабураб ният –
Нахъисеб г1умрудал г1амаллъун гьабе.
                #
Какде хьвадунилан, дин гьабунилан,
Даража ц1ик1к1унищ, г1амал гьеч1езул ?
                #
Г1адамал какизе кин дуда к1олеб,
Куфруялъул лъак1да г1умру биччалев ?
                #
Г1адамал ругелъул къацанди х1алев,
Къасдазе бокьараб гьабизе лъунге!
                #
Цо –цоязе маг1ишат г1унги т1ок1аб кьун буго,
Кьурабги г1оларого кьур- кьудизе ран руго…
                #
Т1алкъен т1аде ц1алун инсан вукъидал,
Воре к1очон тоге хвелалъул пикру.
                #
Берал г1орц1уларев Г1адамил лъимер,
Бугелда г1ей гьабун ч1езе лъаларев.
                #
Г1аламалда гьоркьов г1аданлъун вук1ин,
Зах1матаб шарт1 буго, шаклъуге гьелда.
                #
Х1ажат гьеч1еб калам камилаб г1умру-
Мунагьал гьарзаяб, гьабулеб хашаб.               
                #
Рузман къо гурони какие гьеч1ел,
Концертал рихьизе хьваде нуж  даим…


Жужах1алъул ц1екьа нахъе къаларел,
Къоял рахъанаг1ан ц1ик1к1унел руго.
                #
Лъудбузул г1амал ккун бихьинал рук1ин,
Бицине к1олареб балъголъи гуро.
                #
Лъик1лъи х1ехьеларин х1апдараб гьведа,
Гьодида т1илазул т1варкъи бахъана.               
                #
Рокъов г1емер къулкъудун къоял ч1валев бахьикъос,
Къадруявлъун лъугьине лъица дуе гьукъулеб?
                #
Мац1ихъанасул к1алзул  зарал т1ок1аб бук1уна,
Бук1унаро гьелъие кумек гьабулеб дару.
                #
Маслих1ат гьабизе х1алаккун цоял,
Х1алада теларин квал – квалел цойги.
                #
Жидерго чороклъи халкъалда лъалел,
Хасаб сиях1 г1уц1ун машгьурал руго.
                #
Аллагьасул нухда хиянат ккураз,
Рах1ат толеб гьеч1о гьаб г1умруялъе.
                #
Умумузул иман ирсалъе щвеч1ел,
Щай нилъеда гьоркьор гьарзалъун ругел ?
                #
Ле,Г1адамил лъимер, лъик1лъи рехун тун,
Лъица мун куцалев квешлъи гьабизе ?
                #
Квешав чиясул г1амал – г1ужрукъил ц1око,
Кодоб босарасе рах1ат толареб.
                #
Сабру гьабурасе – пикру гьабидал,
Пайда г1умруялъул г1емераб щола.
                #
Нилъеца г1айиб ч1вала вокьуларев чиясда,
Ратуладай нилъ рокьун рек1ел раг1и бицунел ?
                #
Г1амал лъик1ав мадугьал дуда аск1ове ккани,
Дуг1адул аманатги гьесий кьезе к1очонге.
                #
Жиндийго гьабураб лъик1лъи лъаларес,
Лъаг1ел халалъухъе зарал гьабулеб.
                #
Г1аданлъи гьеч1ев чи аск1ов ккогеги,
Какилъги, х1алт1улъги – киве кканиги.
                #
Жидейго мал щолеб шарт1 батарабго
Бет1ергьан к1очонел ратула чанги.
                #
Гьуинаб мац1алдаги загьру т1ок1аб батулеб,
Зазил г1амал босарав мадугьал рик1к1ад гьаве.
                #
Цо – цоял рижун руго г1алагъважа г1уц1изе,
Г1умруялда ц1а гъезе – залималин ц1арги лъун.
                #
Г1адан рихиналъул балъгояб бут1а,
Буго цо- цоязул рак1азулъ бахчун.
                #
Г1адамазде рогьрал  ран рах1мат ц1ик1к1унин,
Рак1алде кколезда аск1ов къаге мун.
                #
Рак1ал хьордон руго- иман заг1иплъун,
Ислам унтун буго- тавбу балъаргъун.
                #
Мун кибе гьереси , гьанжеги унеб ?
Гьадал к1алг1абахъе – хъулухъ т1убазе.
                #
Г1акълу кибе араб гьаб дир улкадул ?
Г1арцуца хисана, ц1огьрахъе щвана.
                #
Ц1ар лъил бугеб гьанже г1умрудал нухда?
Нахъег1анал, хъубал хъулухъчаг1азул.
                #
Чорокаб рек1елъа бац1адаб ният,
Бач1ине рес гьеч1о , гьедун абуни.
                #
Рияъ гьудулллъун буго, риба гьалмагълъун буго,
Гьекъел- мехтел гьеч1они, «маг1на»  лълъунищ г1умрудал ?
                #
Рух1ияб рахъ жагъаллъун жакъасеб г1умру гьеч1ищ?
Къуркьи гьеч1еб г1амал ккун Г1адамил лъимер гьеч1ищ?

                #
Х1ежалде аразулъ адаб дагьлъани,
Х1ажат гьеч1ебщинаб гьабизе ккола.

                #
Годек1аниб даг1ба – даг1ват кколаро,
Диналъул вацазул ццидахин кола.
                #
Сабру гьеч1онани ч1унтула иман,
Илбис дур гьудуллъун  лъугьуна даим…
                #
Ислам ц1илъунилан хисич1ел рак1ал,
Хассал ц1аразда гъоркь нилъеда гьоркьор.
                #
Адамилгун Х1авал наслу гурилан,
Гурищ цо- цояца калам гьабулеб.
                #
Бикъараб, хъамараб рокъоб бач1индал,
Бихьич1еб хвел гьабун  бегьилищ ч1езе ?
                #
Рек1ел жах1даялъул ц1аялги ракун,
Ц1адахъе хинлъизе ах1улел цоял…
                #
Мац1ихъаби руго – жужах1алъул ц1ул,
Ц1адул къуваталъе  даим х1ажатал.
                #
К1игьумерчилъи гьанже гьури кинниги,
Рах1ат хвезабизе къеркьолеб буго.
                #
Г1алимчи какизе кин дуда к1олеб ,
К1иц1ул х1еж борхарав х1ажи вук1аго?
                #
Гьаркьил къуват т1ок1ал к1алъазе рани
К1ут1ун нахъе ине нигат ккве дуца!
                #
Рит1ухълъи киб араб, бице бокьарас!
Бицарасе гъоркьч1ел  г1уц1улев инсан..
                #
Инсул адаб гьеч1ел гьанжесел лъимал,
Жеги г1умруялъул маг1на лъаларел.
                #
Г1акълу гуро жакъа тахида бугеб,
Доллар буго бач1ун  балагьгун цадахъ.
                #
Бечелъи х1ехьезе к1оларел цоял,
Х1арчда хинк1 кваназе щоларел цойги.
                #
Къуръан- х1адисалъул х1укму лъаларес,
Лъавукълъи беццула, балагь ц1ехола.
                #
Цо –цо инсан вуго вижун ракьалда,
Дажжалил жинсалда бахиллъи ккурав.
                #
Даг1бадизе щвани, ширкалде рани,
Щибго х1ажат гьеч1ел цо- цо г1адамал.

                #
Х1асад г1умруялъул роценлъуги ккун,
Лъик1ав муъминчилъун лъугьине к1олищ ?
                #
Хабал г1азабалъул ургъелго гьеч1ел,
Улбулги, лъималги лъала росдада.
                #
Даг1ба –раг1и гьабун бугьтан лъолеца,
Буго ислам жакъа жагъал гьабулеб.
                #
Иман чорхолъ гьеч1ез чороклъараб дин,
Чиякъаб лъимерлъун бихьула дида.
                #
Рихьдае дин гьабун рияъ ц1ехолез,
Ругънал лъолел руго ралел каказда.
                #
Чияр х1акъ т1ад бугез росуге вирдал,
Расги пайда гьелъул гьеч1ин нилъее.
                #
Аллагь х1акъав вук1ин к1очарал цоял,
К1удиял мунагьалъ, нифакъ ц1ехолел.
                #
Цоцахъ г1енеккизе г1акълу г1олареб,
Г1ужбуяб жамаг1ат жиб-жиб росдае.
                #
Чияр х1алал рихьи х1асрат гьабулел,
Х1алихьатаз ц1ураб ахир замана.
                #
Ваг1за г1емерлъунин мунагьазул гуч,
Гьарзалъун гурони дагьлъулеб гьеч1о.
                #
Х1арамаб ракьалда х1алт1иги гьабун,
Х1алаллъи ц1ехолел кинан рич1ч1инел?

                #
Мадугьаллъиялъул х1акъикьги рук1ун,
Х1ежалде унилан рит1ун ккеладай.
                #
Куфруялъ ккаларал рак1ал ругони
Каказ хайир кьолищ, бице бокьарас.
                #
Х1акимзаби хисидал, х1укмабиги хисула,
Халкъалъул яшавалъе расги хиси лъунаро.
                #
Г1адлу хун бугилан харбал рицунез,
Хасал нухал ратун хвезарула гьел.
                #

Дуца Устар ккуни ургъел дагьлъула,
Рабит1а черхалъе дарулъун ч1ола.
                #
Даран – базар буго риба гьарзаяб,
Гьеб лъазе бокьарас  босе контейнер.

                #
Ч1ужу х1апулей ккани х1акъирлъи т1ок1аб щола,
Т1аг1ам хвараб квен г1адаб г1умру дуе лъугьуна.
                #
Чидар жо чидай тейин чанц1ул дибир к1алъалев,
Чанас гьесул раг1аби рек1елъ жанир рукъарал?
                #
Чамг1аллъи , чороклъи чангияз гьале,
Росу х1акъикь ккезе даим гьабулеб.
                #
Чи хвараб къояца зикру бачине,
Чаг1ицин щолареб бач1араб заман.
                #
Къилба цох1о буго, хабал цо руго,
Хаслъи цоцал ц1ехон  хвасарлъиладай.?
                #
Тавбу г1емер гьаби бит1араб бугищ,
Г1амал мукъсанго тун къоял т1амулев ?
                #
Бац1адаб т1арикъат т1екълъигун цадахъ,
Диналъул вац дуца х1алт1изабуге.
                #
К1игоял кьаллъидал балъго цо-цояз,
Кьун толел дарсазухъ кьолебани мухь.
                #
Цадахъ х1алт1аниги х1ал рекъоларел,
Ратула цо-цоял царал  г1амалгун.
                # 
К1веч1о ч1ух1иялъе бет1ер къулизе,
Ч1ар буго г1умрудай рах1ат толареб.
                #
Такъсир г1емер гьаби – г1амал мукъсанлъи,
Г1асруялъул унти, ургъел ва балагь.
                #
Гурх1ел – рах1муялъул каваби къараб,
Къоло цоабилеб бач1ана г1асру.
                #
Балъго г1одулезул зигарди –угьди,
Залимазул квершел т1аса босеян.
                #
Г1арцуца цулъарал  цо-цо г1адамал,
Г1аданлъиги билун г1умруялда гъорлъ.
                #
Цого Каг1ба,  цого как, цого т1алкъен, цого хоб,
Хаслъи ц1ехезе бокьи -Бет1ергьанас кьурабищ ?
                #
Г1адлу- низам хвезаби г1адатлъун лъугьун буго,
Г1ибадат  балъаргъизе гъира лъолеб агьлуялъ.
                #
Г1адамазда гьоркьоб бищун квешаб мех,
Мунго т1ок1лъун вихьи пикрабалъ бахчи.
                #
К1алалъ лъик1аб бицун веццардуге мун,
Рек1ел квешлъиялъул къуватги бахчун.
                #
  Чияр ракьалги ккун рикъзи бикьулел,
  Балагье х1ежалде  къокъунел руго.               
                #
Жалго гъизилъги къан къоял т1амулез,
Къабих1аллъун тола лъик1ал г1адамал.
                #
Аллагьасе г1оло гуро г1ибадат,
Г1емераз г1умрудалъ х1алт1изабулеб.
                #
Х1акъикьа х1инкъич1ого х1арам ц1ехана,
Х1ежалда вук1ана – довго хут1ана.
                #
Рек1елаб г1ибадат г1адамаз ккуни,
Машк1идазда даг1ба дагьлъизе буго.
                #
Жиндаго т1адал жал т1уразе кколес,
Т1ад тарав какулев камилаб куцалъ..
                #
Намус- иях1 гьеч1они низам бихула,
Низам бихарасул нигатги хола.
                #
Нилъ цо- цо ккун уна ракьул чохьонир,
Чороклъи, бац1алъи цадахъги босун.
                #
Хьандей г1умруялъул г1амаллъунги ккун,
Какда хадуб «дуг1а» гьабулел  цоял.
                #
Дуца какал рала камиллъи гьеч1ел,
Рияъ цадахъги ккун цо-цо мехалда.
                #
Г1адамаз г1айиб ч1ван вук1инаро дун,
Рузман къоялъг1аги вач1ина какде.               
                *
Ужра босич1ого бачараб зикру,
Бищун къуватаблъун рик1к1уна дица.
                #
Хъант1и гьарзалъараб, гьереси т1ок1аб,
Гьале доб, Дагъистан, демократия!
                #
Гьереси дарабаз дунял ц1ун буго,
Ц1и – ц1иял унтаби гьез кьолел руго.
                #
Жамаг1ат х1алт1уде бахъараб къоялъ,
Беццавлъун вук1ина, к1арчамлъи х1ала.               
                *
Дибир г1адилав вук1ин г1оларого цо- цоял,
Г1акълу гьесие кьолел- кьурун вуссаян.
                #
Бикъарав вакъич1о, жанив т1амич1о,
Т1ок1аб хъулухъги кьун х1алт1уда тана.
                #
Х1акълъун Аллагьасда божулев инсан,
Иманалъул къуват камилав ккола.
                #
Рек1ел къасдал лъалеб лага гьеч1ого,
Гьабула инсанас балъгояб зарал.
                #
Вах1щиял щай лъугьунел цо-цо г1адамал?
Г1амал мукъсанлъиялъ, мунагь  бокьиялъ.
                #
Къуръан ц1алун гуро борхалъи щолеб,
Ц1аларалда г1амал гьабизе лъаялъ.
                #
Рек1елъ ч1ух1и ккураз х1упруз квас г1адин,
Кваналеб буго дин дир-дурал гьарун.

                #
Гьерсил чода рек1ун чабхъадги рахъун,
Чанасул хьул бугеб алжан босизе.
                #
Жаниса турараб хъабахъ г1адинал,
Дунял рек1елъги ккун какде хьвадулел…                #
.
Дие рузман къоги г1ибадаталъе,
Г1унги т1ок1абилан к1алъала жагьил.
                #
Жах1да- х1усудалъе рижаралщинал,
Рек1ел иман хисун, хиянат ккурал.
                #
Какилъ х1асад ккурал, х1акълъун абуни,
Х1ал рекъон рук1уна росдал мащк1идахъ.
                #
Цере квералги ккун дуг1а гьабулев,
Дуца гьарулеб щиб, ширкалдаги ч1ун?
               
Ч1ух1и г1оларого г1умрудалъ цоял,
Г1адам-Х1авалгицин наслу жал гурин.               

Жамаг1ат гъункараб кинан лъугьинеб
Кидагосеб жах1да х1алеб бугони ?
                #
К1ирикьи кьоч1ое кьолболъ бекьараз,
Зазил гъут1би руго росабалъ гъолел.               
                #
Болжал щведал гурон щибго лъунаро,
Щаклъуге гьелда мун , мекъе кколаро.
                #
Хъизан – лъимал дуца рази гьаруни,
Даимаб талих1 дур къавулъ бук1ина.
                #
Лъик1лъи гьабурасе гьабулеб кумек-
Гьеле г1амалалъе т1ок1лъи щолеб нух.
                #
Намус чорхолъ гьеч1ев ватугеги вас,
Гьале дир г1умрудал даимаб дуг1а.
                #
Даран- базаралъулъ- риба, х1илла- рек1к1,
Диналъулъ –х1ал хъублъи, хъубал рикьаби.               
                #
Г1акъил мун ватани, Г1адамил лъимер,
Дунялалъул т1ок1лъи т1алаб гьабуге.

                #
Г1адамазда гьоркьоб къадру бокьани,
Дагьалда г1ей гьабун гьавудизе лъай.
                #
Г1акълу камил гьаби , хирияв гьудул,
Г1емер гаргадиялъ щолеб жо гуро.
                #
Кьураб раг1иялъе хилиплъи х1аге,
Х1акъирлъи щолебин, ц1одорго хьваде.

                #
Рак1 квешал хваниги нахъе хут1ула,
Хассаб гьезул г1узру-хвел гьеч1еб унти
                #
Кисай т1еренлъиялъ рек1ел х1ал хола,
Рокъоб къулкъулалъул къуват бергьуна.
                #
Рокъоб дагьаб бугев гуро мискинав,
Бугелда г1ей гьабун ч1езе лъаларев.
                #
Г1антал-ах1макъазул мац1алъул къуват,
Къабих1аб бук1уна, божа гьелда мун.
                #
Рук1уна г1адамал г1емер гаргади,
Рихьах1ун бихьулел, г1умру гуккулел.                #

Пикру ц1алк1унилан, кици т1амунин,
Квеш бук1унез воре ц1алуге хъвараб.

Маг1ишат т1ок1лъиялъ нилъер рак1азулъ,
Рек1к1аб пиша буго лъугьунеб г1емер.
                *
Г1акълудал къимат хвараб бач1араб  г1асру,
Г1аданлъи лъуг1араб, жагьлу къуватаб.
                *
Г1арцуде бугеб рокьи диналъе кьуни,
Росдал мажгиталда бак1цин щвеларо.
                *
Рукъзал къач1аялъул къецалги г1уц1ун,
Къеркьей унеб буго киса-кибего.
                *
Намус бац1ц1адазул диналде рокьи,
Рек1ел бух1иялъул х1асратаб буго.
                *
Ццидал г1узрабазул хурзалги рекьун,
Хаслъуларо г1амал,диналъул вацал.
                *
Рамазан моц1алъул къимат лъалеца,
Лъик1аб нигаталда г1уц1ула даран.
                *
Месед-г1арацалъул унти баккидал,
Г1аданлъидул къимат къаникье ккана.
                *
Ваг1за г1емерлъидал г1амал хисарал,
Г1емерал ратулищ,х1исаб гьабидал?
                *
Зах1мат бихьарасда бич1ч1ула г1умру,
Бет1ер х1алт1улесда-г1акълудал къимат.
                *
Улкаялъул мал бикъи г1адатлъун лъугьун буго,
Г1адлуялде гьел ах1и- ах1макъаб ишлъун буго.
                *
Жакъа,бикъанщинаб улкаялъул мал,
Мискин-пакъирасе бикьизе анищ!
                *
Хъулухъалда тараз къецал т1орит1ун,
Г1орхъич1вай гьеч1ого бикъа – хъамулеб.
                *
Даран-базар гьарзаяб бач1араб заман,
Риба г1емерлъиялъ баракат гьеч1еб.
                *
Сахлъиялъул къимат херлъидал лъала,
Дурго черх г1азаб кьун кьог1лъизабуге.

Г1арац-г1узру буго,х1исаб гьабидал,
Х1арам гъорлъ жубараб жиб батанани.
                *
Закаг1ат бахъизе инкар ккуразул,
Иман кинаб бугеб, диналъул вацал?
                *
Бикъулеб г1емерлъун г1агараб улка,
Г1адлияб нухалде гьет1улеб гьеч1о.
                *
Ваг1за дагьлъун гуро,диналъул вацал,
Г1амалалъе лъунеб хиси гьеч1олъи.
                *
Садакъа къуватаб бук1ин лъаниги,
Къарумлъиялъ рах1ат толаро нилъей.
                *
К1алзулги,рек1елги нигат цолъани,
Нилъер иманалда баракат лъола.
                *
Диналъе цо-цояз кьоларо х1асрат,
Доллар-евроялъе кьолеб г1адинаб.
                *
Т1аг1амлъун лъугьараб г1арац-меседалъ,
Г1адамазул рак1ал рикьизаруна.
                *
Ч1ух1араб раг1и бицун г1адамал ралъаргъани,
Рах1ат гьеч1еб г1умрудай щулияб кьуч1 т1амула.
                *
Гъибат-бугьтан г1емерлъи-г1акълу бугес кколаро,
Г1умрудул маг1на лъалев мисалалъе рехсола.
                *
Рек1ел иман заг1ипав г1аданлъун мун вук1унге,
Г1умруялъул кьог1лъаби кьер-кьерал дуй щолелин.
                *
Кьураб раг1ул маг1на ккве,Аллагьасукьа х1инкъа,
Х1акъаб,кьуч1ч1аб гурого калам дуца гьабуге.
                *
Жиндир рек1ел г1узраби г1емерал рук1ин лъалес,
Г1адамазул г1узраби г1оч1ода ч1ван гьурщуге.
                *
Гьумер бух1улеб раг1и г1илла гьеч1ого аби,
Г1асрабаз сахлъулареб ругъун бук1ин к1очонге.
                *
Г1акълу бугониги Г1адамил лъимер,
Г1антал пишабазде г1емер бортула.

Лъимал тарбия кьун куцан ругони,
Камилаб бук1ина рукъалъул агьлу.
                *
Жамаг1ат ах1араб х1алт1уде вахъин,
Т1адаб бук1ин дуда к1очене гурин.
                *
К1вар гьеч1олъи жакъа къуватаб буго,
Гьелъул ургъел бугел дагьлъулел руго.
                *
Росдада баракат бук1ине ккани,
Как бараб г1оларо г1адлу гьеч1ого.
                *
Закаг1ат бахъизе кколарин абун,
Бусурбаби к1алъай,бит1араб бугищ?
                *
Рек1ел бахиллъиялъ бецлъизарула,
Бот1рол ах1макълъиялъ къосинарула.
                *
Радал т1аде вахъун дуг1а гьабуна,
Диналъул вацазе сахлъи кьейилан.
Вегулеб мехалда пикру гьабуна,
Кумек дуг1аялъул лъийдай щванаян.
                *
Х1акъаб г1акълуги кьун вижарав инсан,
Нафс квегъун хьвадизе нигат кколарев.
                *
Тохтурзаби г1емераб г1асру бач1ана,
Г1арац бугонани, г1узру сахлъулеб.
                *
Ургъелал г1емераб,г1амал мукъсанаб,
Г1асру бач1ун буго гьоболлъухъ нилъехъ.
                *
Хиянат гьарзаяб,зулму г1емераб,
Г1арац буго нилъер балагьалъул ицц.
                *
Г1арац-рагъул ччорбал бугилан абун,
Гъирун гаргадула балагьалъул къавм.
                *
Питнаби рекьизе,зулму гьабизе,
Замана батулев жакъасев инсан.
                *
Т1аса лъугьа,Бет1ергьан гьарурал мунагьазда,
Гьеб буго рек1ел дуг1а щибаб къоялъ гьабулеб.

Жакъа умумуца лъимал куцазе,
Кинал къаг1идаби х1алт1изарулел?
                *
Х1акълъун абунани,адаб дагьлъараб,
Гьеч1ищ гьаб замана,диналъул вацал?
                *
Рукъзал къач1аялъул къецал т1орит1и,
Къуватлъун лъугьана киса-кибего.
                *
Г1амал мукъсанлъиялъ пайда кьоларо,
Кьог1лъи г1адамазе г1емер гьабуге.
                *
Унтабаз к1век1улеб,дару щолареб,
Решт1ун буго г1асру нилъехъ гьоболлъухъ.
                *
Х1акъаб раг1и бицун калам гьабуни,
Квеш бук1ун лъугьунел г1емерал руго.
                *
Рек1елъ бугеб квешлъи балъголъи буго,
Бихьизе к1олареб,бахчун хут1улеб.
                *
Бахилавлъун вук1ин т1алаб гьабулев,
Т1олабго г1умрудай г1азаб ц1ехолев.


2001-2004 сонал


Рецензии