Ункъмохъил куч1дул
Годек1абахъ жакъа г1емерлъун буго.
Г1ибадат т1ок1к1ине, т1арикъат кквезе,
Кинго къасд лъолареб хассазул къукъа.
*
Рек1ел хъублъиялъул хъудулеб гьаракь,
Гьале ц1адалъ щвараб иххил г1адинаб.
Г1узру буго гучаб бищун инсанас,
Ислам балъаргъизе, гъибат гьабизе.
*
Иман заг1иплъараб, г1амал къосараб,
Г1асилъабаз г1умру г1ужие гъураб.
Г1арцул унтиялъул г1узру къуватаб,
Г1асру решт1ун бугин, бицинесеб щиб ?
*
Дур ч1ух1и – ч1ах1ил ц1а, божуларев щай?
Беццаб г1ибадаталъ хайир кьоларо.
Г1аракъиги гьекъон т1арикъат т1убай,
Къосиналде лъураб г1умрудал гали.
*
Кинан щвананиги бат1алъи гьеч1еб,
Киг1ан бугониги г1орхъи лъалареб.
Г1амал мукъсанлъизе кумек гьабулеб,
Киназдаго лъала доллар бугеблъи…
*
Х1алт1ун бечелъизе лъидаха к1олеб,
Х1алалаб, х1арамаб бат1аги гьабун?
Х1исаб гьабуразда гьеб лъик1 бич1ч1ула,
Гьанжесеб замана – гьелъие мисал.
*
Дие бокьилаан гьаб ракьалда т1ад,
Ришват босулезе г1арац ургъизе.
Г1амал бац1алъизе кумек гьабулеб,
Кодоб босарасе рах1ат толареб.
*
К1игьумерчилъиялъул рак1ал ц1уразул,
Заман бач1ун буго ч1ух1игун цадахъ.
Х1асад-гъибаталъул гъугъаялъул гуч,
Чорокал рак1аца загьир гьабулеб.
*
Дибир какунилан кири щоладай,
Какил адаб тараб агьлу бугони ?
Аллагьасул рокъоб къуватаб даг1ба,
Къосиналъе фатва жиндалъун щолеб.
*
Цоцал адаб гьеч1еб агьлу бугони,
Аллагьасул нухда хиянат ккола.
Какде хьвадунилан ,хьурдарал рак1аз,
Диналъул вацасе пайда кьоларо.
*
Гьереси къуватаб, къадру лъуг1араб,
Лъавукъазул къуват къавуде щвараб.
Къисмат балъаргъулеб ц1ияб замана,
Ц1огьал г1емерлъиялъ г1адлу бихараб
*
Ах1улел куч1дузул камиллъи хвана,
Маданият хисун «халтура» щвана.
Халкъалъ нахъе тараб нилъер хазина,
Хашан, лъухьа- рахьун рик1к1аде ана…
*
Живго къех1ав чияс чияда рогьо,
Расги х1инкъич1ого ч1валеблъи г1адат.
Ч1ух1иялъ г1анкъулел г1умрудалъ рук1ин,
Ахир заманалъул г1аламат буго.
*
Тухумалги ц1алк1ун ц1ар-рец гьабулел-
Бичасул нухдаса нахъе к1анц1арал.
Хъанчий лагълъи гьаби т1асаги бищун.
Бусурбабалъ рук1ин бит1араб бугищ ?
*
Рух1ияб рахъалъул ургъел гьабулеб,
Уммат гьеч1о жакъа улкаялдаго,
Жагьлуялъул гьураз гьалаг гьабураб,
Гьале т1аде щвараб «ц1ияб» замана.
*
Рек1елъ куфру бахчун какдеги хьвадун,
Кири щолареблъи лъазе ккеларищ.
Рух1алъе хвасарлъи лъидасан щвелеб,
Лъороб хъанчалги лъун диналъулъ ч1ани..
*
Ваг1за г1емерлъунин г1адамаз г1амал,
Г1адлияб нухдасан бачунеб гьеч1о.
Бицунеб к1ал буго- к1арчамаб рак1алъ,
Рияъ т1алаб гьаби цебесеб буго.
*
Х1алт1улев чиясул къимат лъуг1араб,
Г1асру решт1ун буго х1акълъун абуни
Х1алалал пинкьазул заман гуро гьаб,
Х1арамалъ тах лъураб демократия!
*
Даран- базаралъул залимаб ралъад,
Радалги- къасиги гьелчелеб буго.
Гьелъ г1анкъулеб г1алам г1емерлъун буго,
Г1узру квешаб буго- дару щолареб.
*
Цересел ц1огьазул ц1иял ирсилал,
Сиях1 т1ок1лъун руго нилъер т1алъуда.
«Т1ок1аб мал» щунилан щукру лъоларел,
Щуябго какие хилиплъи кколел.
*
Гьерсил гьурал пулеб гьанжесеб г1алам,
Г1арцуца цулъараб цойгидазул къавм.
Къурбанал г1емераб, г1адлу биххараб,
Г1ажаибаб улка- ирсалъе щвараб .
*
Дица Аллагьасда даим гьарула,
Диналъе сабураб г1амал кьейилан,
Г1елму лъазабизе къуват кьейилан,
Къуръан – рек1ей дарслъун даим гьабеян.
*
Рек1елгъей лъуг1араб, рах1му т1аг1араб,
Т1аде щвараб заман, зулмугин цадахъ,
Цо рахъалда кьвагьи – доб рокъоб маг1у,
Маг1на бич1ч1уларо дида г1умрудал.
*
Г1елму т1алаб гьабун кинан вук1инев,
Кумек гьелъул гьеч1еб г1умру бугони?
Г1амал берцинлъизе ният кин кквелеб,
Квешлъиялъул агьлу аск1об бук1аго ?
*
Мискинлъиялъ нагагь гьоболлъи лъуни,
Гьелда багьнал ч1вазе воре вортуге.
Гьеб дурго г1адада т1амулеб г1умру,
Г1ага – божаразе мисаллъун гьабе.
*
Квешаб хабаралъул бук1унеб хехлъи,
Каву рагьич1ого рокъоб лъугьине.
Ругънаде ц1ан щвазе рортулел цоял,
Рак1 батулеб хабар раг1улареб щай ?
*
Напсалъул чороклъи рек1елъ бекьараз,
Рах1ат хвезабулеб ахир замана.
Аллагьасул нухда хиянат ккураз,
Сужда илбисалъе буго гьабулеб.
*
Эбел – эмен гьеч1ел лъимал кинниги,
Бесдаллъун хут1араб дибирасул бак1,
Даг1ба г1емер буго, бугьтангун цадахъ
Будун, дуцаг1аги дибирлъи гьабе.
*
Г1амаликълъиялъул къецал гьарзаяб,
Гьаб ахир замана, зулму бергьараб.
Машк1идал къач1араб, рак1ал ч1унтараб,
Ч1ух1игун, х1асадалъ дунялго ккураб.
*
Гъурущги, долларги дармилъ х1алт1улеб,
Х1икмат буго нилъер къавуде бач1ун.
Къоло микьго нилъер « ц1улал» кьунани,
Доллар цо гурони щолареб г1умру *
*
Заводал ч1унтараб, балагьал т1ок1аб,
Бикъа- хъамиялъе г1орхъи лъалареб,
Г1акълуялъ борцани роцен лъунареб,
Лъил х1укумат бугеб? Бице бокьарас.
*
Дарсиде х1адурлъи х1ураб бугони,
Х1ассил заг1иплъула, заман билула.
Г1акълу мукъсанлъиялъ лъурал дарсазул,
Лъималазе пайда кинаб бук1инеб ?
*
Т1екъазул къуваталъ къвал бараб г1асру,
Къилба к1очараца к1ич1 бана дуда.
« Къадру» т1ок1ал ц1огьаз ц1окоги бахъун,
Хъарцинлъи бекьана киса-кибего.
*
Жидедаго малъизе лъаларел улбул,
Лъималаз бицараб г1адахъ босулел,
Г1елму-лъай кин кьолеб лъазе бокьани,
Лъик1аб бук1инарищ дарсазде щвани ?
*
Мактабазул х1алт1ул х1исаб гьабидал,
« Х1икматазул майдан» щола рак1алде.
Х1алт1уе рекъараб къимат кьолареб,
Х1илла-макру т1ок1аз кванан лъуг1унеб.
*
Дийго хайир кьолеб х1алт1и гьабуни,
Х1арамаб бугилан гаргар г1уц1ула.
«Х1ажиг1исал хъулхъал» кида лъуг1илел ,
Капкил мунпаг1атцин рукъалъе гьеч1ел ?
*
Жиндирго х1алт1уе х1акъаб къимат кьун,
Х1акимчи ч1анани хъулухъ т1убалев,
Т1олго жамаг1аталъ т1адег1ан гьавун,
Т1ок1аб борхалъуде вахинавулев
*
Хассаз хадубги ц1ан ц1илъилищ мактаб,
Ц1алуе х1ажатаб камун бук1аго,
Кепказул зваргъиялъ гъаримлъараб лъай,
Лъие х1ажат бугеб х1укуматалда ?
*
Жиндаго т1ад къараб къадар т1убалез,
Т1ок1лъи босун буго гьанже х1алт1уда.
Х1ассил гуро гьезул г1умрудал мурад,
Г1арцул накъит буго, бокьухъе щолеб.
*
Лъаялъухъ рак1 бух1ун х1алт1и гьабулел,
Х1акълъун абунани, дагьлъулел руго.
Долларал ц1ик1к1араз гьабураб ц1али,
Гьанжесеб г1умрудалъ заг1ипаб буго.
*
Рек1ине машинги, лъик1аб хъулухъги,
Лъиего бокьула, бит1араб гьеч1ищ ?
Бикъизе щвеч1они щибизе хъулухъ,
Щарил нах бук1аго, маргарин сундуй ?
*
Сужда г1умруялъго г1арцуйги гьабун,
Г1умру т1амулезда щибин абилеб ?
Щваралда г1ей гьабун г1адан ч1еч1они,
Г1адлуялде ц1анин хисун лъугьунищ ?
*
Дарсил ургъел гьеч1ел лъимал ругони,
Лъик1ав муг1алимас хвасарлъи кьолищ ?
Халатал гъурщаца г1акълу хисараб,
Хошгелди, лъик1 щвараб, «ц1ияб» замана.
*
Цоял – г1умруялъул т1ок1лъи ц1ехолел,
Хут1арал – хвелалъул пикру гьабулел.
Берал г1орц1уларев инсан вугони,
Г1амал камилавлъун кинан лъугьинев ?
*
Хабал агьлуялъе салам кьолаго,
Кьог1аб г1умруялъул х1исаб гьабуни.
Камиллъула иман, Аллагьасул нух,
Ахират г1уц1улеб г1амалалъул нур.
*
Гьекъел – мехтел беццун хъварал мухъаца,
Мун вич1ч1ич1о дида, Г1умарил Х1айям.
Г1ила гьелъий дида батулеб гьеч1о,
Дицаги гьекъана- рецц-бакъ сундуе ?
Мац1алъул балъголъи лъазе бокьани,
Лъик1ал асаразулъ гьудуллъи гьабе.
Гьелъулъ буго г1умру,г1акълу камиллъи,
Киналъего кант1и,т1ок1аб борхалъи.
*
Т1ахьал ц1алунилан щоларо г1акълу,
Ц1алараб ц1алк1иналъ ц1убала г1умру.
Г1амалалда рекъон ккураб г1елмуялъ,
Г1аданлъун вахъине кумек гьабула .
Ункъго мухъ – маг1наялъ щула гьабураб,
Щиг1рудал щулалъи – щаклъуге гьелда.
Гьав Г1умар Х1айямил х1икматаб асар,
Х1акъал мисалазул къуватаб мажмуг1
Свидетельство о публикации №215102401573