Г1акълудал ч1умал

Нилъер каламалъул камиллъи лъазе,
Мах1мудги, Х1амзатги мух1канго ц1але.
Х1акъал мисалаца маг1на ц1унараб,
Маданият бугин- борхалъи т1ок1аб.
                *
Раг1ул къуват лълъуна, къимат т1ок1лъула,
Къояца, сардаца к1вах1 тун х1алт1ани.
Х1ажатаб батула, х1асрат ц1ик1к1ула,
Ц1алулел т1ахьазулъ гьудуллъи ккуни.
                *
Гьанже, щаг1ирзаби, щай пашман ругел,
Проза, поэзиялъ г1амал хисунищ ?
Г1арац г1емераца риччарал т1ахьал,
Ричун унел гьеч1ин рак1алде ккунищ ?
                *
Ц1али раг1дукь буго, г1елму хун буго,
Г1арцул дипломазул дунял ц1ун буго.
Долларал ругони, бет1ер сундуе ?
Бище бокьараб вуз, рикье хъулухъал !
                *
Нилъерго лъавукълъи лъимал ралъаргъун,
Лъолел къиматаца борцине лъунге,
Лъик1ал ц1алдохъабаз гуро х1укумат,
Машгьур гьабун бугеб, лъавукъаз буго.
                *
Лъимералда дарсил маг1на лъач1они,
Лъолел къиматазул къадру-сси хола.
Хвалие дарсал кьун харжал росулез,
Хвезабулеб буго школалъул х1алт1и.
                *
Лъималазул г1умру к1очон тараца,
Тарбия кьунилан хиси лъунаро.
Жидейго тарбия кьезе лъаларез,
Кьураб лъай сундуе, лъаларо дида.
                *
Т1олго лъималазул лъаялде гъира,
Роцен цогояблъун гьабизе лъунге.
Гьелъул хайир гьеч1о,зарал гурони,
Заг1ипал ралъаргъун г1елму малъуге.
                *
Къиматал лъолезда лъаларо жеги,
Жигар кьоч1ой босун х1ассил гьабизе.
Х1алт1изе жан гьеч1ел , жагьлу бергьарал,
Гьанже ц1алуда гъорлъ рекъон ккун руго.
                *
Лъимадул гъира ч1ван дарсал г1уц1улел,
Г1емерлъун гурони дагьлъулел гьеч1о.
Дун гьезда к1алъазе нечарав вуго,
Нагагь дирго гъира ч1валилан х1инкъун.
                *
Лъимер дарсидаса къват1ибе гъунин,
Къадру борхуларо муг1алимасул.
Г1ададисеб тамих1 гьабизе лъунге,
Гьелдалъун лъимер дуй лъик1аб лъунаро.
                *
Лъимер х1акъир гьаби гьанже дарсазда,
Бук1унарин аби – бугьтан лъей буго.
Бихьизе бокьарав балъго валагье,
Бихьула х1акъикъат, х1акълъун абуни.
                *
Дур рек1елъ ч1ух1иялъ бусен лъунани,
Беццаб г1амалалъул г1аламат лълъуна.
Г1адан ват1а гьавун т1абиг1ат ккуни,
Т1от1ол къимат щола, щаклъуге гьелда.
                *
Такъсир г1емерлъизе г1адамасул къасд,
Къоял рахъанаг1ан нахълъулеб гьеч1о.
Гьанже кьвагьа- г1анхъи г1умрудал нухда,
Г1исин лъималазул х1айлъун лъугьана.               
                *
Дарсги малъич1ого ч1анаги хъурун,
Ч1алг1адисеб г1арац босулеб щайзе ?
Ратула гьединал- «ц1ех-рехги» гьабун ,
Беразда бихьич1еб уйилан кколел.
                *
Рух1алда гьикъана цо къаркъалаялъ:
«Къимат г1адамасе сундалъун кьолеб?»
Дуйго бокьулареб чидай х1агеян,
Х1ухьел угьун рак1алъ калам гьабуна.
                *
Рек1ел балъголъиялъ бицунеб хабар,
Бич1ч1ине зах1матаб батула цо-цо.
Нилъ цереса индал рек1ел балъголъи,
К1алзул загьруялъул маг1наяб лълъуна.
                *
Къот1елахъ сок1к1арал нус-нус т1ахьазул,
Нилъеда  лъалареб балъгояб г1умру.
Нагагь гьеб балъголъи лъазе бокьани,
Бокьараб бищизе ихтияр кьола.
                *
Раг1и раг1иялде г1агар гьабуни,
Г1емераб балъголъи рагьизе к1ола.
Гьикъулеб,гьарулеб, ах1ун абулеб-
Авар мац1 лъугьуна маг1на гъваридаб.
                *
Дуца т1ахьал ц1але т1аде к1варги кьун,
Т1олго г1умруялъул маг1на бич1ч1изе.
Маг1ишат г1емерлъун мурад т1убалин,
Беццаб пикруялъул анищалъ ч1ч1оге.
                *
Тарбия кьеч1ого лъимал ругони,
Лъик1лъиялъул нухда даимлъулищ гьел ?
Даг1ба-раг1иялда г1умру бугони,
Г1адлу кин бук1инеб нилъер рукъзабахъ ?
                *
Талих1ги, рохелги, хвелги, херлъиги,
Лъидаго рихьулел лах1затал руго.
Рек1елъ имангин-ях1 щула гьабизе,
Щайха нилъер нигат х1алт1улеб гьеч1еб ?
                *
Дунялалда питна къот1улеб гьеч1о,
Къоял рахъанаг1ан ц1ик1к1унеб буго.
Къурбанлъула цоял, г1ажизал лълъуна,
Г1арац цойгидаца кисиниб лъола…
                *
Саг1тил хъаравулаз борцунеб г1умру,
Моц1азде, соназде сверулеб буго.
Сонисеб къоялъул пикру гьеч1ого,
Гьаб г1умру г1адада биччалев инсан.
                *
Умумузул нухал харица рацун,
Хехал машинабаз нахъ толеб заман.
Нек1о цоцахъ хьвадун ругьунал нухал,
Рик1к1ен дагьаз руго ц1ехолел жакъа.
                *
Карачелалъ  кьуру бухулеб буго,
Биччай жиб цебеян, цойги ракьалде.
Ралъадалгин, г1орал балъго г1одулел,
Г1адамазул зулму г1емер ц1ик1к1иналъ.
                *
Рохьил г1умру гьанже г1ашт1и-кварт1аялъ,
Т1ад мугьруги кьабун гъурулеб буго.
Бук1араб берцинлъи цо-цо, к1и-ккун,
К1удиял базабахъ- хъорщоде сверун.
                *
Дунялалъул  г1ат1илъи   г1оларел цоял,
Г1одор биялги т1ун питна-кьалалда.
Перестройка ургъи – ургъел г1емерлъи,
Г1адамал цоцаде ццидалго рук1ин.
                *
Г1арцул унтиялъул угьди-зигарди,
Улкаялда кибго раг1улеб буго.
Дару-саваб гьеч1еб, тохтур щолареб,
Щибундай сахлъила, хваликье ккараб ?
                *
Диналда мугъги ч1ван мунагьал гьари,
Гьанже модаялда буго х1алт1улеб.
Х1аримги, х1арамги гьарзаго х1алт1ун,
Х1акъал бусурбаби нилъер лъугьинищ ?
                *
Цоцаде рогьрал ран диналда гьоркьоб,
Гьаб х1ажалъи гьеч1еб жагьилаб даг1ба.
Г1елму рек1елъ ккурас Аллагьасул нух,
Хиянат т1ок1аблъун  гьабизе гьеч1о.
                *
Х1арамалъ х1алаллъи дуэлалъ ах1ун,
Даг1ба къот1улареб къоабилеб век,
Къуват г1арцудалъун даим борцунеб,
Бецце гьудулзаби бач1араб заман !
                *
Базаралда г1адал багьаби ругел,
Раккана вузалги, филиалалги.
Зачёт бичун босун, экзамен чурун,
Эркенго босулеб диплом, аттестат !
                *
Бач1араб пикруялъ рах1ат толаро,
Кагътиде босеян, рек1елъ тогеян.
Бит1араб малъиян дицаги пикру,
Парахат гьабула хъах1аб т1анчида.
                *
Чурун бац1алъулареб рак1азул хъублъи,
Росулъ лъик1лъиялде ишан босулеб.
Инкар кквей кидаго къасдазулъ бахчун,
Къабих1аб нух бищун зарал г1уц1улеб.
                *
Какикьжоги т1амун т1аде вахиндал,
Т1олго пикрабазде къай дуца нуц1а.
Нигат бац1ц1ад гьабе, какилъ х1узур ккве,
Камилаб г1ибадат дурго бук1ине.
                *
Ч1ух1и лъуг1анин абун амру решт1ана,
Рик1к1ада бук1араб муг1рул росулъе.
Маг1ил рукъзал лъуна г1емераз гьениб,
Г1адада хванилан жидер г1умруян.
                *
Инсанасул чурхдул къуркьизе гьеч1о,
Иман ччоборлъулеб г1амал кквеч1они.
Г1ат1ал къуват буго рак1азулъ бессун,
Росдал дибирасул ваг1за сундуе ?
                *
Жамаг1ат какиде кинха хьвадилел,
Камилаб имангун чурхдул гьеч1они,
Кагътал х1ай, торг1о х1ай цебесеб бугин,
Рузман къоялъг1аги машк1ид к1очонге.
                *
Махсаро х1алайин х1алалги рихьун,
Х1алихьалъиялъул нухде лъугьуна
Нахъа руккел гьабун, къукъаби рачун,
Къуватавлъун ккезе х1аял  г1уц1ула..

2003 сон


Рецензии