Анлъмохъил куч1дул

Г1акъиллъи дагьлъани даг1ват лъунаро,
Диниял шарт1азул рухсаби хола.
Хилапаб ц1алк1ани ц1игьурзабаца,
Ц1огьол г1амал бугел г1алимал лълъуна.
Лъик1алде къасд лъезе къуват т1ок1аб кье,
Къаникье лъугьиндал тавбу сундуе ?
                ====
Турараб рек1еца к1удияб х1илла,
Х1асратаб ракьалъе кьер-кьераб кьола.
Кьаву ч1варал  къасдаз, къосарал ишаз,
Инсаният чурхъи т1алаб гьабула.
Т1арикъат босараз г1амал хисич1о,
Г1адамил лъимер мун, кида кант1илев ?
                ====
Квешлъиялъул эбел илбис батани,
Исламалъ малъула эбгун рагъизе.
Нилъей бокьулареб чидае х1аге,
Х1алхъублъи рек1елъа нахъе бачахъе.
Бидг1аял нухазе нигат гьабуге,
Гьаб дунял рек1к1аб жо, щукруялда ч1ч1а !
                ====
Г1адамакьа х1инкъун какал ралезул,
Кинго бич1ч1уларо гьабулеб пиша.
Паризаяб какун, карагьат беццун,
Цо-цоял рук1уна ч1умал рехулел.
Ч1алг1аде г1ибадат г1емер гьабунин,
Г1амалалъе лъунеб хиси бук1унищ ?
                ====
Дибирас сабураб ваг1за гьабидал,
Г1адамазул рак1ал дагьалъ кант1ула.
Киг1ан г1емер жеги годек1абазда,
Будунас ах1араб как раг1уларел.
Ах1и-х1ур бук1уна, даг1ба боркьула,
Балеб какил адаб гьабулареб щай ?
                ====
Шагьадат бит1ана, би чорхолъ ч1ана,
Ч1агояв инсанас къо лъик1 гьабуна.
Къавуда маг1ирукъ, угьди-зигарди,
Унел руго ваццал ахираталде.
Аллагьасул къадар, къваридаб лах1ту,
Х1алада ч1оларев Г1адамил лъимер…

Дунял хашанилан холарел ани,
Хвел гьеч1езул къадар дагьлъилароан.
Къадар т1аде щведал кумек щолареб,
Киг1ан бугониги беразе г1еч1еб.
Г1ибадатги к1очон маг1ишат г1уц1и –
Г1узру гурищ нилъер, диналъул ваццал ?
                ===
Васигат хъвазеян гьабураб нигат,
Гьал т1олго сонаца саяхъ хут1ана.
Хириял х1адисаз рек1елъ бекьараб,
Рек1к1ал гьудулзабаз рик1к1ад гьабуна.
Дунял- абадияб рукъилан тоге,
Рик1к1ун кьурал къояз къор гъун батулин…
                ===
Гъунел т1амхал г1адин г1умрудал сонал,
Г1едег1ун гьороца хъамулел руго.
Гьел нахъ руссунаро, кодор щоларо,
Киг1ан тавбу гьабун  гьардананиги.
Гьалагаб г1умру дур чангит бач1они,
Чияр рак1 белъараб бицаде кколеб.
                ====
Ч1амуч1ал харбазул ханжу лъунаро,
Хурзал рекьич1они бач1ин щоларо.
Бет1ер х1алт1ич1они х1ат1ал свакала,
Саяхълъун хьвадани хъизан биххула.
Найил г1амал босун г1умру  биччани,
Г1алам бахиллъулеб борхалъи щола.
                ===
Квешлъиялъ абуна михъалги кьурун,
Мунагь г1емеразе г1умру кьелилан.
Г1адамал ралъаргъун, гъвел-гъибат гьабун,
Гьаб дунял квегъулел рохун телилан.
Кинго бич1ч1уларо – квешазул сиях1,
Сонал рахъанаг1ан нахълъулареб щай ?
                ===
Узденлъи шарт1 гуро, алх1амдуллилагь,
Аллагьасул лагъзал т1олгоял руго.
Т1арикъатги босун гьеб ц1ехолезул,
Ц1арал руго жеги росабалъ кирго.
Берал къанщарабго, къаникь бахчулеб,
Бат1алъи ц1ехоге, ц1одорго хьваде !
                ====
Рак1ал ккаларазул кинабго г1амал,
Какал рананиги раг1дукь хут1ула.
Хиянат т1ок1азул т1олго г1ибадат,
Т1асса хъал рехараб борхьил батула.
Бакьангуро дие, диналъул вацал,
Дунял г1ассилъулеб г1умрудал лах1зат.
                ====

Борхьил загьруялъул заралалдаса,
Зарал т1ок1ав вуго Г1адамил лъимер.
Г1азаб-зулмуялъул залимаб ралъад,
Ракьалда хъурмаца ургъараб гьеч1о.
Унтун руго рохьал, г1орал, г1адамал,
Г1адалал бут1рузул г1айибалдалъун.
                ====
Г1акълу къвариг1арал г1емерал гьеч1о,
Г1арац къвариг1арал г1емерал руго.
Г1елму т1алаб гьаби т1еренго буго,
Г1ибадат бац1ц1адго ц1унулеб гьеч1о.
Г1акълу,г1арац,г1елму, г1ибадат нилъер,
Г1амалалда борцун кьолеб хазина.
                ====
Рек1елги к1алзулги к1удияб даг1ба-
К1иго бат1ияб дин гьабулел рук1ун.
Гьуинлъигун, кьог1лъи кинха цолъилеб,
Цо ц1аралда гъоркь гьел ратун гьеч1елъул.
Рек1елги, к1алзулги г1амал рекъани,
Жамаг1ат разияв муъминчи лълъуна.
                ====
Г1ажаибаб г1асру, х1икматаб агьлу,
Аллагь к1очон тараб, тавбу заг1ипаб
Такъсир г1емерлъараб, г1акълу билараб,
Г1арцуца ццулъараб, ццидалъ т1ерхьараб.
Т1аг1ат берцин ккуни бец1лъи т1аг1ина,
Берцинаб ахират нилъее щвела.
                ====
Далай-далайилан г1умруги ана,
Г1аракъигун чагъир чохьода бигъун.
Балеб как дагьлъана, ният к1очана,
Куфру гьудуллъун ккун унтулъе ккана.
Унго цо-цоязул кант1и гьеч1еб рак1,
Камилаб ваг1заялъ къуркьизабич1еб…
                ===
Рек1ел щалай ц1алк1ун хинк1ал гьаруни,
Хурзал рекьизецин нилъер кколаро.
Ният цо бук1уна, бат1улаб кола,
Какил адаб тарал таманал руго.
Тохаб г1умруялъул х1исабго гьеч1о,
Х1алхъублъи, х1илла-рек1к1 х1алт1улеб бук1ун.
                ====
Жундул г1емерлъидал, г1асру хисидал,
Г1адамазул зулму- цоцае х1алеб.
Цояс цояв ч1вала, ч1агого хъола,
Хъублъи буго г1ураб -г1арац ц1ехолеб.
Г1адан, мун лъалхъеян нафсалъ абула,
Амма данде жаваб раг1улеб гьеч1о…

Гъаримаб мискинлъи, саяхъаб яшав,
Шагьар ц1ун гьардолел, гьумер биларал .
Гьеч1еб рит1ухълъиялъ- хъарцинлъи, сог1лъи,
Ццидаца г1анкъулеб г1адатияб халкъ.
Хабар г1емер буго – г1инкъал х1акимаз,
Г1умру хисизабун нилъ рохиларо.
                ===
Къабих1лъи – г1умрудал г1адатлъун буго.
Рит1ухълъи т1аг1индал эркенлъиги щун.
Улкаго бихидал буголъиялъул,
Хассал олигархаз «хурзал» рекьана.
Заман хисун гьеч1о, хириял ваццал,
Хиянат байрахълъун буго парпалеб.
                ====
Рагъул кор боркьана – рищиял ана,
Росулъ даг1ба – раг1и, рак1 холеб калам.
Хваралгин-ч1агояз нахъе къач1ого,
«Х1акъал» бюллетенал х1алт1изаруна.
Х1илла-рек1к1 бук1инч1о, долларал кьеч1о,
«Рит1ухълъи» бергьана, божуларел щай ?
                ====
Бук1а абе жакъа жагьилаб агьлу,
Жах1да-х1усудалъул х1аял гьарулеб.
Х1акъаб жо лъаниги лъавукълъи т1ок1аз,
Лъолел бугьтаназул г1урхъиго гьеч1о.
Г1алимчи гьардолеб, гьава кьог1лъараб,
Гьаб ахир замана – зулму бергьараб.
                ====
Г1узрабаз, унтабаз зурулелщинал,
Заман бахъанаг1ан т1аде рач1унел.
Даг1ба-раг1и, рагъ-кьал, кьог1ал лах1затал,
Кьаву ч1ван турарал таманал рак1ал.
Тавбу гьабулезул гьодораб нигат,
Гьалде лъолеб ц1ар щиб, бокьарас бице.
                ====
Кеч1 г1емер ах1ула, х1асад гьабула,
Гьакълил даран гьабун диналъулъ ч1ола.
Дирал-дурал гьарун даг1ба г1уц1ула,
Г1амалалъул адаб даимго тола.
Дагьабищ гьаб г1узру- г1умру ц1алк1ани,
Г1адамаз цоцае х1алт1изабулеб ?
                ====
Черхалъул заг1иплъи загьирлъарабго,
Зодой кверал рит1ун какде вуссуна.
Каг1ба рукъ – херлъидал лъик1илан кколез,
Къилбаялде русин нахъ щай т1амулеб ?
Бичасул арканал цере-нахъе ц1ай,
«Ц1ияб дин» малъулез лъурал дарсалищ ?
 
Г1умрудал накъищал -намус бац1ц1адаз,
Нахъиял кант1изе кицилъун тола.
Нуха гъвет1 ч1олеца нигат гьабула:
«Гьалъул т1аг1ам кунел камизе гьеч1ин»,
Гьале кант1иялъе гьит1инаб мисал,
Гьеб г1адахъ босани г1акълу бергьина.
                ====
Ях1алъул чода рек1ун дунял сверидал,
Дида г1емераб жо данде багъана.
Ругънал г1емерлъана, г1акълу бихана,
Г1ужие чанц1улго чугун восана.
Чороклъи  хассаца сапунлъунгги тун,
«Садакъаде» буго бикьулеб жакъа.
                ====
Рек1ел жах1да бахчун жагьилзабаца,
Загьирлъи ц1ехола дир мунагьазул.
Даг1ба-раг1и дие х1ажатаб гьеч1о,
Х1арамабги ц1ехон яшав гьабич1о.
Гьабе гьезий дуг1а, росдал жамаг1ат,
Жагьлу къинабулеб къуват балагьун.
                ====
Кьалбал жагъаллъани гъот1оца раг1ад,
Гъаримаб гурони нилъей кьоларо.
Кьолболъ маг1на гьеч1еб лъимер бижани,
Лъаг1елаз г1азабал т1асса унаро.
Унго т1абиг1атги, т1олго г1аламги,
Г1ажаибго цоцай х1ажалъулеб куц !
                ====
Цараца гьикъана цо г1анк1уялда:
«Г1арац г1емер щолеб х1алт1и кьелищан?»
Х1алае охрана, хурзалгун , дача,
Дагъистан бахилаб бокьиларищ дуй?
Доб царал макруялъ  хъулхъал рищарал,
Хъулби т1ок1ал рищун »х1алт1улел» руго.
                ====
Наркоманасул «тавбу» - теофедрин,анаша,
Нажасаб бидулъ биччай, черхалда зулму гьаби.
Чан г1олилав г1антлъиялъ г1ужие восун вугев,
Г1акълу-лъай мукъсан гьабун балканалде сверарав ?
Саяхълъигун, хъах1балъи х1ал рекъон цадахъ руго,
Рак1 бохизе хабарцин хут1ун гьеч1о нилъее…
                ===
Къоабилеб г1асру г1одун бахъинч1о…
Г1адамазул зулму, заназул кутак !
Закон х1алт1улареб, такъсир ц1ик1к1араб,
Ц1огьаца мандатал т1алаб гьабураб.
Т1ухьи г1емерлъиялъ цоцаца ч1валеб,
Ч1ч1а, лъалхъе, умматин , угьдулеб г1асру…
 
Бечелъи щванани, дир хирияв вас,
Рек1елъ ч1ух1и ккоге, х1ал хисун лъунге.
Х1ажат гьеч1еб ч1алха, ч1ух1араб къайи,
Къавуде барчуге, бецц гьарулин гьелъ.
Бесдалазе кумек кидаго гьабе,
Гьаб дунял рек1к1аб жо, божа дида мун.
                ===
Гьабизе к1олареб т1аде босуге,
К1удиял хъулхъалги воре ц1ехоге.
Гьереси бицунге, бахиллъи ккоге,
Хиянатчиясе каву рагьуге.
Рек1ее бокьулеб г1емераб буго,
Г1амал берцин гьабе г1акълугун цадахъ.
                ====
Херлъилин, унтилин, ургъел ц1ик1к1инин,
Ц1ик1к1аразул рек1елъ – бак1аб гьир буго.
Беццаб пикруялъул к1ич1икье ккарал,
Киг1ан г1емер ругел нилъеда гьоркьор.
Г1ат1аца мехтараб хассазул къукъа,
Хутма- ваг1заялъул хиралъи лъач1еб.
                ====
Щибав щаг1ирасул щакъигин- кагъат,
Рек1ел нигаталда х1алт1улеб г1адат.
Г1акъилаб пикруги, каранзул ц1аги,
Ц1алулесе хинлъи кьолеб х1алалда.
Х1икматаб жо гьеч1ищ, х1егин, гьоц1оцин,
Гьанжесел шиг1рабалъ дандцин  ч1валарел.
                =====
К1иго даг1бадулав дандч1вана дида,
Доб араб риидал росдал раг1алда.
Расги маг1на гьеч1еб г1илла сабаблъун,
Сог1лъиялде ц1алел, бугьтанал лъолел.
Лъала, гьединазул гьаракь жакъаги,
Гьадаб нух рикьуда раг1улеб буго…
                ===
Рецц-бакъ гьабизе чи нахъа вугони,
Гьай-гьай хъулухъгицин бокьараб щола.
Кьолбода х1акимчи х1атта цо вук1ин,
Тухумалъе г1ола г1акълу бикьизе.
Г1арцул зваргъи т1ок1аб - решт1араб г1асру,
Ресукъазе дуг1а г1емераб гьабе ! 
                ===
Бичулеб, хисулеб, хашалеб, кунеб,
Хасият баккана киса-кибего.
Контейнер-тукаби- кутакаб ралъад,
Колхозал, совхозал хисун рач1арал.
Хурзал рекьич1ого рах1ат бокьарас,
Босун те контейнер, тохлъизе ч1оге !

Чорхол къуваталъул лъик1ал рахъазул,
Лъиего якъинал г1амалал руго.
Г1адамал ралъаргъун кьал ах1и гуро,
Росдаде къо ккедал гьеб борхи буго.
Къуват бугелниги таманал руго,
Толаро гьез г1умру г1азаб кьеч1ого.
                ****
Пиша чороклъани черхалъул г1амал,
Чияр рак1 белъараб бицаде ккола.
Росдал адаб тани таманаб г1узру,
Г1умруялъул нухда хут1ула дуе.
Текъалда рекъоге, къурав живго те,
Къват1ул г1амал босун саяхъ хьвадуге.
                ====
Г1адамалги какун какал ралесул,
Киналго мунагьал гьарзалъун уна.
Гьабулеб г1ибадат, г1умрудал лах1зат,
Г1одов виччан т1убай, гъибат рехун тун.
Гъот1ой къимат кьола пихъихъ балагьун,
Хъал т1асса турараб бищуге ниг1мат.
                =====
Какде г1едег1ани  г1адамаз  гаргар,
Г1айиб дида ч1валеб даим гьабула.
Бичасул арканал камил т1урани,
Каранзуй зах1малъун х1ухьел угьула.
Унго гьаб ракьалда кьог1лъи хирияз,
Кьуч1ч1аб г1умруялъе толареб рах1ат.
                ====
Г1умру бекерула юргъа кинниги,
Нухлул халалъидул хал гьабич1ого.
Херлъиялде хьул лъун, лъаг1елал рорцун,
Лъик1абги, квешабги цадахъги бачун.
Бекеризе тани- тимар г1олареб,
Г1ажаиблъи г1еч1ищ нилъер г1умрудал ?
                ====
Цоязул к1алг1аби, к1удиял хъулхъал,
Цойгидазул зах1мат- х1урулъ т1ерхьараб.
Х1исаб-суал гьабун пикру гьабидал,
Кверзул махщел гьеч1о гьанже цебесеб.
Намус-иях1 бичулеб, бахьикъосараб,
Бач1ун буго заман – иман заг1ипаб.
                ===
Г1адамазул г1умру, х1исаб гьабидал,
Х1егин- гьоц1оялъул т1аг1амлъун буго.
Бихьизе т1орахьлъун, т1езе ридилъун,
Ратулин цо-цоял нилъеда гьоркьор.
Рек1елъан бач1унеб х1асрат гьеч1они,
К1игьумерчилъи нилъер гьудуллъун ч1ч1ола.
               
Огь, дир гьудулзаби, заман аниги,
Зодор ц1ваби г1адин рихьула дида.
Г1олохъанго хварал, херлъи бихьич1ел,
Хиянатлъиялъул къат1ра бук1инч1ел.
Къо адинаб буго – къадар батила…
Дуг1адул аманат дирги нужое…
                ====
Бажариялъ гуро х1алт1и борцунеб,
Х1акъаб г1акълуялъул гъварилъи лъалеб.
Лъай-хъвай батанани, баксал ратани,
Бегье цебе х1ет1е – цо жо ккелебин.
Жагьиллъи «ч1ахъаги»- ч1аголъи мерхьун,
Ч1ел босун хьвадизе ихтияр щвараб !
                ====
Г1адамал какиги, даг1ба гьабиги,
Гьоболасул х1ама х1орт1е бачинги,
Бикъараб кванайги, квешаб бицинги,
Кверал х1алт1ич1ого х1ежалде инги,
Х1исаб гьабунани г1амалалда гъорлъ,
Г1адамалъ загьирал мисалал гьеч1ищ ?
                =====
Г1иц1ал дарсал кьеял- кьалбал жагъалал,
Жакъа мактабазда модалъун буго.
Махщелчи вахъине гьабулеб х1алт1и,
Х1акъаб рищват кьеялъ т1убалеб буго.
Аллагьас ц1унаги, гьедин куцараз,
Нилъер рак1 батулеб кумек гьабуни.
                =====
Цо оц рукьада бан рекьулел хурзал,
Хассазда гурони батулареб иях1.
Бот1рол к1одолъиялъ борцунеб хъулухъ,
Рищватаз куцалеб «камилаб» махщел.
Киналго г1узраби г1умруялъ нилъей,
Г1амалалда рекъон рикьун гьеч1одай ?
                =====
Сог1аб хабаралъул ханжуги ц1алк1ун,
Хинк1ал гьарулезул заман буго гьаб
Рокъор лъималги тун табулди х1алел,
Х1алхьезег1ан руго нилъеда гьоркьор.
Гьезул г1ибадатги, г1умрудал нухги,
Г1адамазда жаниб маг1на гьеч1еб жо.               

Г1адан х1акъир гьави, гьесда релъанхъи,
Гьеб гурищ рек1к1аб жо, нилъее мунагь.
Рак1 гурх1и, х1алимлъи, х1асад гьеч1олъи,
Х1ал хъубал рак1азе- рок1к1араб  сордо.
Ратула рек1еца какал раларел,
Кириго щолареб, щай кколеб г1амал ?
                ====
Огь, гьаб ярагъ анищ, т1олго ракьалда,
Кьаву ч1вазе гьабун туризабизе.
Ургъел т1асса ине, такъсир дагьлъизе,
Талих1аб х1асратаб г1умру бук1ине!
Г1арац г1емеразул сог1ал рак1аца,
Г1ужие босулеб бач1араб г1асру.
                =====
Гьумер ч1ег1ералин  «ч1ух1араб къавмалъ» ,
Къват1ире аразе кьолеб г1акъуба.
Г1урусав гьеч1они-гьеч1о дуй рах1ат,
Гьумералъ борцула инсанасул ях1.
Неграв гьеч1ониги ч1ух1ун абила:
Ч1ахъаги Россия, Кавказ «бокьулеб» !
                ====
Огь, гьал рекламаби, керен чучизе,
Радалги, къасиги женлъун паркъолел.
Джеки Чан, Чак Норрис,Сильвестер, Биттнер…
Сардилал гьалбаллъун нилъее руго.
Рек1елгъей бук1уна, берал ч1ух1ула,
Ч1ах1ил рекламабаз экран гвангъидал.
                ====
Рек1ел квешлъиялъул кутакаб х1алцен,
Х1ал хъубаз нилъее кьабулеб жергъен.
Жагьиллъи бергьараз гьабулеб дуг1а,
Жаниб лъимцин гьеч1еб чорокаб къулг1а.
Къисматалъ нилъее, пикру гьабидал,
Къосингун, сахават т1ок1аб кьун буго.
                ====
Цере квералги ккун гьарула дица,
Даг1ба-раг1и гьеч1еб сабураб г1умру.
Г1ибадат т1ок1к1ани, х1алк1олев Аллагь,
Х1еккарал рак1азе насибаб алжан.
Г1умруялъул роцен – бечелъи гуро,
Бичасул арканал камилго т1урай.
                ====
Рогьалилъ будунас как ах1иялъулъ,
Аллагьасул рукъалъ нигат гьабула:
«Нужоца жамаг1ат жагъалго тоге,
Жагьлу къинабизе къуват бак1аре»
Къваридго рук1уна нилъер  машк1идал,
Къойил какал ралел чаг1и гьеч1ого.

Г1амал жиндилъ гьеч1еб жагьилаб лага,
Жундузе гурони нигат кколареб.
Кьаву ч1ван турараб т1олабго г1умру,
Г1одоб нодо цвизе хиялго лъеч1еб.
Лъавукълъиялъ ч1варал, ч1агого хварал,
Ч1ух1ун хьвадулелъул- щукру гьабула.
                =====
Т1олго мунагьазул гьирил бак1лъуца,
Гьале ч1вана г1умру, г1акълу т1урана.
Г1аракъи гьекъана,зина гьабуна,
Зулмучилъун даим росдай вук1ана.
Раг1адлъун г1умрудал лах1зат лъугьарал,
Лах1туялде ккедал киндай рук1ина ?
                =====
Г1арафат маг1арда х1ажичаг1азул,
Х1асад, сабру  т1аг1ин лъуг1изе ккола.
Т1олго  мунагьазе  гьабулеб тавбу,
Чурхдул рац1алъулеб бук1ине кола.
Бакъиг1азул хабал, Хирияв Расул,
Хира гьабе сапар, х1ажичаг1азул !
                ======
Г1акълу тукабазда бичулеб ани,
Г1емераз босизе хиял лъелаан.
Амма гьелъул хайир, хириял ваццал,
Хассазе гурони щвезе бук1инч1о,
Бот1рол г1акълуялъулъ  пикру г1емерав,
Г1умруялъ т1ок1 гьавун  к1одо гьавула.
                =====
Къулкъуди г1емерлъи- г1амал мукъсанлъи,
Къват1азда х1ал рекъей – т1екълъиялъул гуч.
Къуръан-х1адисалъул адаб рехарав,
Ахират к1очарав , к1арчамлъи х1алев.
Х1алхъублъи хъамизе къуват гьеч1ев чи,
Г1азаб- зулмуялъул к1ич1икье колев
                =====
Аллагьасул нух ккун какде хьвадарав,
Ахират бит1арав муъминчи кола.
Куфруялъул къат1ра рек1елъ ц1унич1ев,
Нафсалъул даража ц1ик1к1арав кола.
Т1абиг1ат берцинлъи, Х1абиб хиралъи,
Хвел гьеч1еб хазина, халкъалъе мисал.
                ====
Бугелда г1ей гьаби- г1умрудай рах1ат,
Г1арцул унти ч1вани г1ибадат хола.
Г1акълу мукъсанлъула, макьу бихула,
Бет1ер анищаца хенезабула.
Унго х1икмат гьеч1ищ, х1алаллъи к1очон,
Х1арамалъе лагълъи гьабизе бокьи.

Раг1абаца гуро г1умрудал роцен,
Г1адамаца жакъа борцине кколеб.
Кверазул ишазги, иман, ях1алъги,
Исламалде бугеб г1ищкъу-ц1аялъин!
Ц1аруй дин гьабуге, гьавудизе лъай,
Дунял панаяб жо, жагъал вук1унге.
                ====
Лъик1ав къадахъанас сок1к1араб гамач1,
Сонал ананиги даим хут1ула.
Т1абиб лъик1ав щвани шакаб унтиги,
Ургъел т1аса босун т1убан сахлъула.
Т1аг1ат бац1ад ккурас какил шурут1ал,
Шайт1ан х1инкъиледухъ мух1кан гьарула.
                ====
Рек1ел чороклъи тун тавбу гьабизе,
Заман щун гьеч1ебищ, диналъул ваццал ?
Дунялалъул ургъел даимго гьабун,
Диналъе квербакъи кида гьабилеб ?
Машк1идаз каваби кирго рагьидал,
Рак1азда к1улал ран  ч1езе бегьилищ ?
                ====
Инсанасул к1алалъ лъолел бугьтанал,
К1удиял мунагьалъ рехсарал руго.
Мац1 гьаби, гъвел-гъибат, гъарим валъаргъи,
Лъик1ал пишабилъун рик1к1унел гуро.
Рек1ел хинлъи лъик1ан лъик1аб г1амаллъун
Г1адамаз г1умрудалъ х1алт1изабизе
                ====
Сог1аб г1умруялда г1айиб ч1ванилан,
Г1узрабаз рек1ее рах1ат толаро.
Кьог1аб къисматалда данде рахъунин,
Къварилъаби лъилго т1аса унаро.
Ургъел гьабулареб гьеч1о замана,
Закаг1ат бахъич1ел, ч1оге нуж тохго.
                ====
Г1акъиласул лъак1да хадув хьвадарав,
Халкъалъул берзукьа нахъе унаро.
Ургъел тун х1алт1арав, дунял рихарав,
Хун цевеса индал хекко к1очона.
Херлъи цебе бугин, хадуб гьабилин,
Диналъе квек1енал воре гьаруге !
                ====
Инсанасул рек1ел балъгоял къасдал,
Бет1ергьан гуресда лъазе к1оларо.
К1алалъул гьуинлъи, гьелъул пасих1лъи,
Гьеб рек1елъ гьеч1они-гьадингояб жо.
Гьоц1о к1алдиб бугел, гъиз рек1елъ бугел,
Ралагьизе кколищ ? Кирго руго гьел !

Къуръан-х1адисалъул х1укмаби хиси,
«Мугжул халатазул» хасият буго.
Хиянатал ишал, ширкалъул нухал,
Штаталъул долларахъ ралагьула гьез.
Дица какда хадуб дуг1а гьабула,
Дунял гьеб г1узруялъ унтизе тоге!
                ====
Жах1да-х1усудалъул х1орахъги чордон,
Чороклъи ц1ехолел ц1ик1к1унел руго.
Ц1аруе дин гьаби дуруслъун буго,
Дибир-будун каки камиллъун буго.
Машк1идазул адаб, Аллагьасул нух,
Нилъер рак1аз жеги босулеб гьеч1о…
                ====
Инсан ч1ух1иялъе ,х1исаб гьабидал,
Багьанаби г1емер ратулел руго:
Тухум бат1а гьаби, т1екъавлъун вук1ин,
К1иго гьумер босун саяхъго хьвади.
Сахаватлъи хварав, хиянат т1ок1ав,
Т1от1ол г1амал бугев,г1аданлъи щвеч1ев.
                ===
Хъач1аб раг1иялъул багьа гьабеян,
Бахьикъос к1алъана к1арчамго дида.
К1удияб мунагьги, к1алзуе зарги,
Заман щвелалдего ч1вараб заниги…
Раг1и ургъун бице, бецго хьвадуге,
Борхьил мисал бугин берал ругезе.
                ====
Даг1ба г1емерлъани г1акълу биххула,
Г1узрабаз рек1ее рах1ат толаро.
Рах1му бергьинч1они балагь решт1уна,
Бак1аб гьирлъун г1умру нахъе хут1ула.
Раг1уда х1ат1ал гъун х1асад гьабуге,
Гьелъ чурхъулин хъач1го инсанасул рух1.
                ====
Муг1рул иццул т1аг1ам маг1арулазе,
Т1олго г1умруялъе дарулъун ч1ола.
Гьал кьер-кьерал лъинал лъица нилъее,
Лъаг1ел халалъухъе рарчулел ругел ?
Рак1 урхъун вук1уна умумузухъ дун,
Дунялалъул чури чехьалда ч1вач1ел.
                ====
Боц1и г1емеразул рак1азул к1ут1и,
Рик1к1ада бугебги раг1улеб буго.
Рах1ат гьеч1еб г1умру, г1арцулаб унти,
Улка хъирщаниги дару щолареб.
Боц1ухъ г1умру бичун чилъи билараз,
Чорок гьабун буго гьаб нилъер г1асру.

Чанасул рек1еда рек1к1 рек1ун бугеб,
Бец1аб сардилъ зодор ц1вабиг1ан г1емер.
Г1адан валъаргъулеб, х1акъир гьавулеб
«Гьунар» жидер т1ок1ал таманал ругин.
Малъулеб, бицунеб г1емерлъун буго,
Г1амалалъе лъунеб хисиго гьеч1о.
                ====
Г1аракъи гьекъела, къват1ал мерхьина,
Къаде какде ине нигат кквеларо.
Нажасаб, х1арамаб х1асрат ц1унила,
Ц1огьалде машгъуллъун даим хьвадила.
Дибирасул ваг1за кьуч1аб бук1уна,
Кьурун руссаразе  асар лъунаро.               
                ====
Огь, гьал г1адамазул рек1ел пахрулъи,
Хисулареб пикру, сог1аб жагьиллъи.
Жамаг1ат каказе гьеч1еб камиллъи,
Мунагьал гьаризе бугеб камиллъи.
Рихьдай какал раге, рак1ал ц1и гьаре,
К1иго г1амалалъул г1ибадат ккоге.
                ====
Т1убараб къояца къват1алги мерхьун,
Рукъалъе хайираб щибго гьабич1о.
Щуябго какалъул кири босич1о,
Квешлъигун данделъун ширкалде вана.
Рижи бусурманаб бугеб г1оларо,
Г1амалалде к1вар кье, хириял улбул.
                ====
Улбухъ г1енеккизе сабру г1оларел,
Сонал рахъанаг1ан ц1ик1к1унел руго.
Ц1ар-ц1арккун рехсани, росдада лъала,
Лъида г1айиб ч1валеб, ч1ух1и бугони ?
Бицун кант1улареб агьлу бугони,
Бихьун кант1улелин кици бугелъул.
                ====
Диналъул х1укмаби жидей рекъохъе,
Жагьиллъи бергьараз басра гьарула.
Бидг1а цебе гьабун, рибачилъи х1ан,
Х1акъикье лъугьине нухал ратула.
Рек1ел бац1алъиялъ борцуна иман,
Будун-дибир какун какде хьвадуге.
                =====
Улбукьа бергьарал г1олилал васал,
Г1амал мукъсанлъарал маг1арул ясал.
Рахьдал мац1 к1очарал таманал лъимал,
Лъица тарбия кьун гьедин лъугьарал ?
Лъик1лъиялъе ресал, х1исаб гьабуни,
Х1алхьезег1ан руго ратизе лъани.

Лъик1аб тадбиралъе росдаца къимат,
Рек1ел разилъиялъ загьир гьабула.
Гьенире рач1араз г1акъилаб калам,
Г1умруялда борцун босула нахъе.
Баракат бук1уна жамаг1аталда,
Жах1да гьоркьоб гьеч1еб гъунки бугони.
                ===
Дица ваг1за гьабун гьудул вит1идал,
Гьесул хиянаталъ хагазавуна.
Заг1ипав валъаргъун, гъаримав зурун,
Вач1унев вихьидал, тавбу гьабуна.
Малъараб босулев инсан гьеч1они,
Гьабураб ваг1задул маг1на лъунаро.
                ====
Мехтун г1одов ккарав г1аракъичияс,
Г1адамазда буго г1айиб гьабулеб.
Гьадинан дунги тун нахъе анани,
Нужеда лъик1аб къо ч1езе гьеч1илан.
Цин г1одор ккелалде киналго ургъе,
Квешлъиялъул ахир кинаб кколаян.
                =====
Щибав инсанасул рек1еда жаниб,
Бук1ине бегьула гьодораб сухъмахъ.
Батула цо-цояз царал нух бищун,
Нахъег1анаб х1азе х1алт1и г1уц1улеб.
Г1умрудал нухалъе хайираб бищи,
Щай кант1и гьеч1езда рек1елъ ч1олареб ?
                =====
Дин рек1еца гьабе, рихьдай гьабуге,
Рохьоб бугеб ц1улалъ хинлъи кьоларо.
Халатал ч1умалгун ч1анда  хъуризе,
Хъубаб годек1анив к1усизе унге.
К1алзул « пасих1лъиялъ» асир гьабураб,
Гьанжесеб диналда дунни гурх1ула.
                ====
Т1екълъи къват1ахъ буго саяхъ хьвадилеб,
Бесдаллъун хут1арал лъимал кинниги.
Лъик1лъи бахчун буго, чиякъго буго,
Чороказул загьру щвелилан х1инкъун.
Х1арамабги кванан, кири  ц1ехолел,
Кодор ч1умалги ккун какде хьвадулел…
                =====
Басрияб рат1лида ч1ух1арал руго,
Ч1ах1ил бусен к1очон ццулъарал руго.
Ролъул ч1ег1ераб г1ат1 кунарел руго,
Какде хьвадуларел таманал руго.
Раг1и ц1алк1инч1ого ч1ух1араб г1амал,
Г1адамал разияб нухдасан баче.   

Г1арцул зваргъиялъул гъаримаб гьаракь,
Гьале г1умруялъе рах1ат толареб.
Рах1му гьеч1ел  рак1аз чороклъараб ракь,
Зодосан чвахараб ц1адго г1олареб.
Г1асруялъу угьди – унтарал рак1ал,
Ургъел гьеч1еб къавмалъ къосинарурал.
                ====
Къулана, ворхана хилапаб рак1гун,
Росдал г1адамаца г1айиб ч1валилан.
Ч1ух1ана, хъант1ана, хъубаб ц1ехана,
Ц1огьол г1амал босун росулъ хьвадана.
Хьаралда рекъараб бук1уна хьунт1и,
Бекьараб гурони нилъей щоларо.
                =====
Лъималазул ургъел к1очарал улбул,
Улкаялда г1емер загьирлъун руго.
Г1адлияб рахъалде к1вар ц1ик1кун кьолел,
Рик1к1ен дагьал руго, х1исаб гьабуни.
Гьит1инаб мехалда т1алаб гьабич1еб,
Т1ад пихъ бижулареб гъвет1лъун батулеб.
                ====
Дин х1азе х1асратаб махщел балагьун,
Рук1уна цо-цоял царалаб х1алел.
Х1арамаб даимго рокъобе барчун,
Рузман къоялъ уна машк1идалъуре.
Мунагьал гьарзаяз гьабураб дуг1а,
Дие х1ажат гьеч1о х1алае кквезе.
                ====
Г1амал к1одолъиялъ гьит1ин гьарурал,
Гьерсил т1аг1ам лъаялъ т1аг1ат к1очарал,
Т1аде къо ккаралъур х1урлъун т1аг1унел,
Х1арамалда руго росабалъ жеги.
Жакъа къоялъ балъго ах1улеб буго:
«Ах1макъал кант1улеб дуг1а гьабеян».
                ====
Бахунеб унтиги, хъач1аб г1амалги,
Г1умруялъулъ жеги – цого роцада.
Жагьиллъи- лъаялда даим х1енсолеб,
Х1алада теларин, рагъде ах1илин.
Руго г1умруялъулъ г1узраби жеги,
Дару щвананиги сахлъи лъунарел.   
                ***
К1иго г1абдаласул г1акълуялдаса,
Г1емер г1уг1удулеб х1елкил гьаракь лъик1.
Х1акимзаби рокьун рукъ к1очарасда,
К1иго бет1ер бугеб борохь жемаги.
К1иязулго г1амал- г1ужрукъил ц1око,
Г1одор реханиги рак1 бух1уларел.

Чвантаялъул зваргъи- черхалъе г1азаб,
Чи къварид гьавизе  бакъан бачунеб.
Киг1ан бугониги берал г1орцич1еб,
Балагь нахъ ч1валареб г1умрудал х1унщи !
Г1арцул унтиялъул угьди раг1изе,
Даран-базаралъул сверуде ракке !
                =====
Х1арамаб боц1и ккун кепалги гьарун,
Гьанже цо-цоязул г1аг1ай ц1ик1к1ана.
Г1аркъида къочана,къват1ахъ х1аллъана,
Къурасде рортана, вахьналъи х1ана.
Вай, къохьол дуниял, дуца х1ехьарал,
Х1алихьатаз буго чурхъулеб улка.
                ====
Инсул къадруялъул къимат  лъаларел,
Лъимал руго гьанже жег1елел бадий.
Жакъа адабалъул асс-мухъ к1очараз,
Мунагьазул руго хулжал раччулел.
Рак1азул ч1ух1иялъ жагьилал улбуз,
Унтизарун руго таманал лъимал.
                ====
Берзул маг1уялъул бух1и бихьула,
Рух1ел бихьаразда аск1оре ккани.
Ккараб камиялъул маг1на бич1ч1ула,
Бищунго хирияз къо лъик1 гьабидал.
Къварилъи бихьич1ез бугьтанал лъоге,
Лъукъарал рак1азул рах1ат хвезабун.
                ====
Чияр г1узрабазул г1емер бицунге,
Цин дурго мекъаб нух бит1изе гьабе.
Бокьараб к1алзуца воре хъуруге
Гулла гьелда данде гьадингояб жо.
Жалго чорокги тун чаргъедо х1алел,
Чангиязул ц1арал лъала росдада.               
***
Къали ц1амул ч1ик1ун х1ал бихьаниги,
Х1ал хисун лъугьунел гьал гьудулзаби.
Гьит1инаб ях1алъе х1асрат г1оларел,
Г1одов дун кканиги кверцин кьоларел.
Кинго бич1ч1уларо, лъазе к1оларо,
Кисай мискинлъдал, кире гьел  ккарал ?
                ====
Мунагь камурав чи киса вахъилев,
Квешавги лъик1авги инсан вук1аго ?
К1игьумерчилъи х1алел кире хъваг1алел,
Хъублъи рек1елъги тун релъи х1алезул ?
Рохьдолъ т1ох1ок камун бихьанищ жеги,
Бихьарасе мисал- дица рехсараб.

Гьит1инаб к1алалъул к1удияб раг1и,
К1иго бат1ияб нух жаниб бахчараб.
Цояб нух – хилиплъи, халкъалъе загьру,
Цойгидаб – х1еренлъи, Х1абиб хиралъи,
Раг1и ургъун бице, роцада лъут1е,
Рек1елъ цойгиги ккун к1алуд вахъунге.
                =====
Х1арамаб боц1уца берал бецлъарал,
Бичасул нухдаса кьурарал руго.
Кьибил- тухумалъул хасслъи ц1ехолел,
Хиянатаб агьлу, Аллагь гуккулел
К1иябго г1амалалъ г1умру бух1улел,
Г1ураб къадаралда дандч1вала кирго.
                ====
Гьит1инаб гъот1олги къимат к1удияб,
Къадруялда хъулухъ гьабизе лъани.
Гъелъул пихъил т1аг1ам т1олгояз куна,
Т1огьоде наяца сапар бухьуна.
Т1аби1ат берцинав г1аданги, гъвет1ги,
Г1амалалъ релълъарал руго цоцада.
                ====
Гьит1инаб г1ошт1оца г1айиб гьеч1еб гъвет1,
Г1умру мах1рум гьабун бегизабула.
Гьит1инаб бугьтаналъ к1удияб ругъун,
Рак1азулъ бекьула кьалул ц1а бакун.
Кьог1аб къисмат буго к1иябго раг1ул,
Рах1му х1алт1ич1они, х1ассил кьолареб.
                ====
Т1екъалда т1ад рекъон росулъ хьвадани,
Ран тарал каказул кири щоларо.
Квералда х1ур хъвалин х1алт1и рихани,
Х1акъирлъиялъ дуе рах1ат толаро.
Талих1 инсанасули ях1алъулъ буго,
Х1акъаб гьудуллъун ккве, гьелъ мун ц1унула.
                ====
Мац1ихъанас хъубаб жиндирго пиша,
Жужах1 бихьаниги бахчи щакаб жо.
Бахиллъи хасс гьабун гьудуллъун тарав,
Гьалагаб г1урулъа рихьи бахъулев.
Г1адамалъ т1екълъаби т1ок1алги руго,
Лъик1алде къасд лъезе къалел щай нахъе ?
                ====
Инсул адаб тарав васги к1варич1о,
К1игьумерчилъи х1алев х1аким к1варич1о.
Х1илла-макруялъул даран к1варич1о,
К1ух1алас гьабураб х1алт1и к1варич1о.
Х1акъал мисалазул сиях1 буго гьаб,
Сог1авлъун вук1унге г1умруялда гъорлъ

Жакъа шагьи бикъун рокъов вач1арас,
Нахъисеб къоялда гъурущ бикъула.
Бикъарасда х1акъаб х1ад кьабич1они,
Х1акъав ц1огьор гьесул росулъ вахъуна.
Рокъобе бач1араб х1арамаб боц1и,
Х1ал рекъон кваналел валлагьги руго.
                ====
Г1аданлъи гьеч1еб черх-г1амал чороклъи,
Чи ват1а гьавизе х1асрат бергьараб.
Рек1елъа рах1мудал къат1ра т1аг1арав,
Къосараб, инжитаб жиндийго х1алев.
Жакъа дунялалда даим гьалдолел,
Гьал хъубал г1амалал – г1умру бух1улел.
                =====
Гьудул лъик1ав щвани г1умрудал нухда,
Г1узраби дагьлъула, даран бит1ула,
Бараб ах1улъ даим, пикру гьабуни,
Гьесул квер батула кумекалъе дуй.
Киналго гъут1бузда пихъ бижуларо,
Божулъ рек1к1 гьабулев гьудул сундуе?
***
Цо-цоккун т1инк1улеб лъел къат1раялъул ,
Къуват т1ок1аб буго бич1ч1и лъалесе.
Лъик1аб ваг1за къойил къулч1изе к1олес,
Къойил ралел какал камил гьарула.
Гьит1инго т1инк1араб, т1алаб гьабураб,
Т1олго г1умруялъе т1ок1аб хазина.
                ======
Махщелги, гьунарги гьаб г1умруялда,
Гьардухъанлъи х1алел, х1алт1и ц1ехолел.
Ц1алараб г1елмуги, г1акълудал нухги,
Г1арац г1емеразул къаимлъиялда.
Къоц1ул борцаниги хиси лъунареб,
Хассаб агьлу буго -Аллагь к1очараб.
                ====
Гьереси гьукъизе, къориниб гъезе,
Къуват бак1аризе к1олелго гьеч1о.
К1удияс-гьит1инас – бат1алъи гьеч1о,
Гьелда данде къеркьей гьабулеб гьеч1о.
Гьерсил гор гарбида дализабурал,
Диналда гьоркьорги гьарзаго руго.
                ====
Махсаро гьабизе гьаб г1умруялда,
Г1емерав чиясда лъалеб жо гуро.
Гванчаб г1амалалда г1адан валъаргъи,
Г1акълуялъ борцунеб роцен кколаро.
Кколареб бак1алда махсаро  х1арав,
Х1акъираб ахиргун рокъов вуссунев.

Умумузул малъи-маг1наяб ваг1за,
Мух1канлъи х1алт1уе, х1асрат рек1ее.
Х1арам нахъе ц1азе-таваккал, кумек,
Маг1набияб кици –кодоб хут1улеб.
Хутма г1емерлъунин хассал г1адамаз,
Хисизе биччач1о жидерго г1амал.
                ====
Хьупида кьурич1еб – заман арабго,
Зах1матго бук1уна бит1изабизе.
Батула тарбия – тохлъи биччани,
Чорокаб г1умрудал роцаде кколеб.
Росу гаргадулеб даимго х1ани-
Х1алихьатаб наслу, сурараб  яшав.
                =====
Малъаризе лъалел т1ок1ал рук1уна,
Т1аде х1алт1и босун квал-кваданани.
Кумек гьабизеян аманат кколел,
Кидаго щоларо рак1 урхъаниги.
К1алзул пагьмуялъул кумек лъунаро,
Кверазул сахават т1ок1аб гьеч1они.
                ====
Чи къварид гьавизе къасдал лъурасда,
Къисматалъ г1емерал гамч1ал реч1ч1ула.
Гучги, жанги жидер сог1аб бугеца,
Бах1арчи вугилан гаргар гьабуге.
Рехсараб къаг1ида къойил гьабулел,
Г1умруялда жанир г1емер ратула.
                =====
Бахунеб унтиги, квешаб г1амалги,
Кицилъун х1алт1улеб х1акъикъат буго.
Х1алт1улел кверазул къимат холаро,
Хурзал рекьич1они- рукь х1ажат гьеч1о.
Рокьукълъигун, х1асад х1ал рекъон ккураз,
Х1арамалъул куч1дул ах1улел руго.
                ====
Мунагьазул унти тохтурас гуро,
Тавбуялъ сахлъула, хириял ваццал.
Хутма-ваг1заялъул хиралъи босе,
Херлъидал босилин саяхъ хьвадуге.
Хьулаца бецлъарал чурхдул ругони,
Ресукълъи бихьула, къварилъи лъала.
                =====
Г1адлу хвараб росдал т1олго жамаг1ат,
Малъа-хъвай гьабизе нахъе къанани,
Къо ккараб бак1алда дир-дурал гьарун,
Дагьабги г1адлу хвей хенезабулеб.
Г1ундул ругониги г1инкълъи беццулеб,
Г1алам буго баккун т1олго ракьалда.               

Къадарав чиясул пиша сабаблъун,
Нусгояв сурулин бицен батана.
Намус гьеч1еб черхалъ божилъи ч1валин,
Ч1ах1иял харабаз занида хъвана…
Зазлъун х1енчезелъун нигат ккуразда,
Насих1атаб калам эхе унаро.      
                ====
Х1ужа гьеч1еб даг1ба даим гьабуни,
Диван къот1уллелъул данде батулеб.
Дуцаго бекьараб кьог1аб хьоналъул,
Кьалул кьалбал ругеб х1алухъин щолеб.
Х1акъаб мисалалъул маг1на бич1ч1изе,
Бицине лъалезул к1алзухъ г1енекке.
                ====
Х1арамаб боц1уе х1асрат бергьараз,
Х1аял руго ургъун рек1елгъеялъе.
Рекьулел хурзалгин, реч1ч1улел г1ачи,
Расги х1ажат гьеч1о х1аял ругони.
Ракьал ч1унтун руго, ч1ах1 баккун буго,
Базараз, тукабаз кверщел гьабидал…
                =====
Ццин бахъун к1алъани – лъай- г1акълу уна,
Лъуг1и гьеч1еб даг1ба даим бук1уна.
Дагьаб сабру г1уни г1амал квегъизе,
Г1адамазда гьоркьоб къадру борхула.
Бицунеб раг1ана г1акълу бугеца:
Г1акълу цебе кквеян, ццин нахъе ине.
                ====
Г1акълуялъул гьудул сабру бугилан,
Дибирасул калам раг1ана дида.
Даг1баялъул гьудул- шайт1ан бугилан,
Щибаб хутмаялда такрар гьабула.
Тунка-х1уси жеги лъуг1улеб гьеч1о,
Гьодорал рак1азулъ иман гьеч1ого.
                =====
Дуда малъанщинаб лъица бикъараб,
Лъик1азда гъорлъ гьеч1ин ц1ар дур рехсолеб ?
Дарсал х1ажалъич1о, х1асрат бергьинч1о,
Беццаб рек1ел х1алт1и х1орго хут1идал.
Х1инкъи буго  нахъа жакъа г1умрудал,
Жагьилаз ч1ел босун байрахъ борхидал.
                ====
Дица лъималазда лъик1аб малъана,
Бихьараб г1умрудал мисалал рачун.
Рек1ел бух1иялъул х1ухьел угьана,
Х1ал рекъон къояца гьелгун вук1ана.
Къокъун ана  лъимал, лъуг1ана школа,
Щола гьел рак1алде.Ниж к1очарал щай ?   
                ====
Дун хинлъиги босун хасало щвани,
Щур-щур г1емерлъула г1адаллъун вугин.
Г1умруялъе пайда дагьаб гьабуни,
Гьале цеветелин ццидхан к1алъала.
Ццидалал рак1аца х1алимлъи ц1ехе,
Ислам х1алимлъиялъ ц1унараб бугин.
                ====
Какий нигат гьабун алх1ам ц1алула,
Аттах1ияталде сапарги бухьун.
Сужда жив-живасул жаниб бахчараб,
Бичасда гурони жаваб лъалареб.
Лъик1аб агьлуялъул Аллагьасде нух,
Хиянат гъорлъ гьеч1еб бац1ц1адаб буго.
                ====
Дуца дир рек1еде чороклъи хъвана,
Чанги бугьтаналъул ченгел ч1ехьана.
Ч1ух1иялъул х1асад х1урлъун пунхъана,
Х1илла-макруялъул гьуригун цадахъ.
Гьелъ асар гьабич1о, гьумер бух1ич1о,
Гьелъул агьлу гуро- гьеб дуда бич1ч1а !
                =====
К1удиясул г1акълу г1адахъ босич1ес,
Г1умрудал сухъмахъал саяхъ гьарула.
Сахаватлъи хола , хиянат ккола,
Халкъалъул берзукьа хеко вортула.
Къимат бук1унаро бицунеб раг1ул,
Г1арцуца цулъарал рак1ал ругони.
                ----------
Т1олго г1умру гьанже гьуинлъи лъуг1ун,
Лъавукълъи т1ок1аца к1век1улеб буго.
К1алазулги гьанже гьабулеб пиша,
Бугьтан-гъибаталъул кверщаликь буго.
Г1емеразул дуг1а –г1арцуе буго
Г1орц1и гьеч1еб унти улкадул буго.
               
Къадру инсанасе ирсалъ щоларо,
Инсул г1амал васас г1емер кколаро.
Г1умрудай къимат кьей кьолболъго хвани,
Халкъалъул наг1ана г1емераб щола.
Г1азаб г1емер ц1ехон саяхъ хьвадулез,
Сахаватаб гьаби-щакаб жо буго.   
             
Рит1ухълъи лъуг1араб, г1адлу бихараб,
Бач1ун буго г1асру гьанже нилъеде.
Намус-ях1 т1аг1араб ,т1аг1ат к1очараб,
Т1аде г1ут1ун  буго г1умрудал чвахи.
Г1акълу х1ажат гьеч1о, г1арац бугони,
Жагьилазул «куч1дуз» улка гуккана.
                ----------
Г1умру кьог1лъун буго, кьал ц1ик1к1ун буго,
Ц1огьал гьарзалъараб заман щун буго.
Ц1аруе бикьулеб садакъа буго,
Даг1ба-раг1иялъул къват1ал ц1ун руго.
Г1ажаиблъи гьеч1ищ, мунагь ц1ик1к1араз,
Макруялъул дарсал магьаца рикьи ?
                --------
Дун къосун хьвадила, дибир какила,
Диналъе квал-увалал кирго гьарила.
Куфруялъул т1аг1ам г1емер босила,
Г1ибадат бокьухъе х1алт1изабила.
Х1атта гьединазул «гьунараз» гурищ,
Гьал т1олго балагьал г1емерлъун ругел?
                ---------
Беццаб ч1ух1иялъул к1ич1икье ккарал,
Киг1ан бокьаниги нилъеда гьокьор.
Рихьизе т1орахьлъун, т1езе ридилъун,
Ратулин цо-цоял ч1умал рехулел.
Цох1о г1амал буго г1умрудал нухда,
Нилъей къимат кьезе х1алт1улеб роцен.
                -------
Загьруги, жагьлуги, жах1да-х1усудги,
Х1ал рекъон нилъеда гьоркьор х1алт1ула.
Гьелъул х1исаб гьеч1о, х1инкъи-къай гьеч1о,
Х1акъаб жаваб кьензе рак1алда гьеч1о.
Гьеб чороклъи рек1елъ жанибги хьихьун,
Хьул лъезе бегьилищ, алжан щвеялде ?               
                ---------
Сужда г1арцуй буго г1емераз жакъа,
Г1ураб къадарала къец бан гьабулеб.
Къавулъе бач1унеб х1арамаб, щакаб,
Х1инкъич1ого буго данде хашалеб.
Хассаб нух к1очонищ, нигат гьабулеб,   
Гьукъараб къавулъе даим барчулеб ?
                --------
Масжидазде хьвадула, диналъе хилиплъула,
Хиянатаб гурони рек1елъа бач1унаро.
Бичасул арканазе куфруялъул нух ккола,
Квешлъиялъул гурони нухдасан хьвадуларо.
Х1акълъун нилъеда гьоркьор гьединал камуларо,
Киназдаго гьел лъала, амма гьел хисуларо!

Цояс раг1и бик1ун даг1ба гьабула,
Дандияв валъаргъун гъалмагъир лъола.
Лъуг1и гьеч1еб питна росулъ бекьула,
Тухумазул «хаслъи» хенезабула.
Бат1ияв Аллагьас    рижун гьеч1елъул,
Гьеб г1антаб г1амалгин г1ибадат сундуй?
                --------
К1удиял ваццазулъ т1екълъи бихьани,
Т1инасулги пиша гьезда релъуна.
Рек1елъ жах1да ц1унун улбул ч1анани,
Ч1арлъун лъимал хут1и херлъидал лъала.
Хобалъул к1алгьикъи, гьабураб ц1ехей,
Бук1унарин абун рак1алде ккоге!
                --------
Киг1ан г1емер ваг1за раг1ананиги,
Г1инкълъи х1алел какде хьвадилел руго.
Кидаго мунагьалъ гьарзаго хьвадун,
Диналъе мунпаг1ат щвезе бугодай?
Щиб хайирха бугеб, какал ранилан,
Куфруялъул ц1урал рак1ал рук1аго ?
                ----
Гъурщил къадру буго борхатго кколеб,
Какил адаб тараб хассаб къукъаялъ.
Къаси-къад ч1еч1ого хашалеб дунял,
Хашаб «суждаялда» диналдаги ч1ун.
Даран-базаралъулъ рибачилъи х1ан,
Х1алалъи щолебдай, диналъул вацал?               

Рах1му чорхолъ гьеч1ез чурхъулеб дунял,
Чорокаб нигатгун ккураб г1ибадат.
Г1адамал ралъаргъун, нажасаб т1убан,
Нахъег1анлъи х1алеб хассаб къапила.
Х1инкъи гьеч1ел рак1ал, чумартал рак1ал,
Чангияс гьадинаб ккун буго г1амал.
                ------
Дида бич1ч1уларо г1амал гьеч1еца,
Г1ибадат сундуе х1алт1изабулеб?
Х1арам т1алаб гьабун т1арикъатги ккун,
Т1ок1лъаби ц1ехолел кинан рук1унел?
Рек1ел бац1ц1алъиялъ борцуна иман,
Идараги какун какде хьвадуге.
                --------
Ч1ужуг1аданалъул даг1ба-раг1иялъ,
Дунял пасалъулеб бекьула балагь.
Бакьангуро дие гьезул макрудал,
Мадугьалихъ х1аял даим рук1ине.
Ратула цо-цоял рател ц1ехолел,
Россал нахъе гьарун, хъублъи кваналел.
                ---------
Тавбу г1емер гьабун г1амал хисич1ел,
Г1ураб къадаралда дандч1вала жеги.
Диналъе хилиплъи хасс гьабун ккурал,
Киг1ан бокьаниги нилъеда гьоркьор.
Намус-ях1 гьеч1они, Аллагьасул нух,
Ахират бохараб нилъей щоларо. 

1989- 2007 сонал


Рецензии