Ваг1забиял алфазал

Г1адан ват1а гьавун какал ралеца,
Кинав Аллагьасе лагълъи гьабулеб ?
Ахир т1олгоязул т1аде ракь хъвадал,
Т1убан бащалъулин, бат1алъи кинаб ?
                ***
Г1елму т1алаб гьаби-т1абиг1ат лъик1лъи,
Т1ок1лъидул борхалъи, х1алалаб г1умру.
Х1илла-рек1к1, к1арчамлъи рек1елъа хъаме,
Рик1к1ун кьурал къояз къор гъун батулин.
                ***
Г1олохъанлъи индал инагьдила мун,
Гьабун тараб мунагь рак1алдеги щун.
Щибаб тараб какалъ, кквеч1ел к1алаца,
К1ал гьикъила дуда пуланаб къоялъ.
                ***
Рук1ел биханани хъумур сог1лъула,
Сордо бец1аб бищун рец1ел босула.
Рек1ел чороклъи  тун тавбу гьабизе,
Заман щун гьеч1ебищ, диналъул ваццал ?
                ***
Ц1и гьабун г1уц1иялъ г1уни какана,
Г1адамал цоцаде данде гьусана.
Диналъе каваби кирго рагьана,
Какал рананилан рак1ал ц1илъич1о.
                ***
Рах1ат хвараб заман, загьрудал кутак,
Занал г1емерлъараб , г1акълу бихараб.
Г1умруялъул т1екълъи,  т1аг1унел рух1ал,
Т1ок1аб бихьизе жо щибдай хут1араб ?
                ***
Дица умматалъе макру ургъилин
Гъирун гаргадула щибасда илбис.
Щалай рек1елъги ккун тавбу гьабулел,
Таманал рук1ина гьаб г1асруялда.

                ***
Жакъа г1емераца гьерсил чу рек1ун,
Чабхъад рахъин буго т1алаб гьабулеб.
Дир рек1елъ ч1аголъи, рит1ухълъи буго,
Рет1ел хисун хьвадун нафс хисуларо.

                ***
Г1умру – даран буго даим гьабулеб,
Дагьазе гурони хайир кьолареб.
Херлъи нахъа буго- къадар щвелалде
Къадру дурго ц1уне ц1елъе ккелалде.

                ***
Рак1ал риццалъун руго, росу к1одолъун буго,
К1алзул гьобо гьанжеги бугьтан хенолеб буго,
Херлъи т1аде щун буго, щакърахун лага буго,
Щибаб мунагьалъ г1азаб г1умруялъе тун буго.
                ***
Г1олохъанлъи пархана, хайираб щибго теч1о,
Таманаб рек1ел бакъвай г1адамазе бикьана.
Бет1ер борхун хьвадана, дандиял ралъаргъана,
Дуда т1аса лъугьинч1ел ч1аго жеги хут1ана.
                ***
Аллагь рехсон как балел, кири т1ок1аб гьабулел,
Гьуинаб г1амалги кьун г1умруялъго хут1ила.
Г1амал мекъал, къосарал, Къилба т1убан к1очарал,
Къисматалъ наг1ана кьун  кьибилалъе рук1ина.
                ***
Г1адамасул х1еренлъи х1алихьатаз какула,
Х1ур тамахаб нухдасан нилъ г1емер хьвадуларо.
Г1акълу- цебе , ццин- нахъе- нилъерго кици буго,
Каки дагьлъизе гьабун, каказдехун русса нуж.
                ***
Рокъоб кьолеб тарбия тамахлъизе биччани,
Тасамах1лъи ц1ик1к1уна, ц1одорлъи дагьлъун уна.
Дандияв валъаргъулеб г1амал дуца бищани,
Г1адамаз наг1ана кьун кьог1лъиялда хут1ула.
                ***
Садакъа къойил гьабе, Къуръан г1емераб дуре,
Диналъ малъараб  т1убан берцинлъиялда хьваде.
Бидг1аял нухал рищун рикьалаби гьаруге,
Рак1 бац1ц1адаб нигаталъ черхалъе тимар гьабе.
                ***
Г1адамазе кумек гьаби- кири  т1ок1лъулеб г1амал,
Какил адаб тарав чи – илбисалъул  г1агарав.
Г1ассилъаби ургъулев, гъвел-гъибаталъ г1орц1улев,
Г1умру хварав кафурчи, кант1и гьеч1ев мунафикъ.

                ***
Г1адамазда гьоркьоб  кьал ах1ун хьвадун  ,
Гьудуллъи бихизе бугьтанал ургъун.
Унел дурго сонал квегъизе лъани,
Квешлъи дур рек1елъа рик1к1аде ина.

                ***
Х1акъикьа х1инкъизе къуват бугесул,
Къадру г1адамазулъ т1ок1аб бук1уна.
Т1олго мунагьазе сангар гьабулев-
Сират1алъул кьо тун цевехун ина.
                ***
Какил адаб тоге, тавбуяла ч1а,
Ч1ег1ераб рак1ги тун сужда гьабуге.
Сах1ал рахъулелъул тохлъи бичаге,
Тарах1,г1идалъул как камилго т1убай.
                *** 
Имамасул гъазават гъаримлъиялде ккедал,
Гъазизабазул сиях1 Ах1улгох1да хут1идал.
Диналъе квер бакъарав Бакъиг1алда вукъидал,
Вагьабияз заз хьана исламалъул рек1елъе.
                ***
Чорхол иман бац1ад ккурав баракаталъ хьихьула,
Хьулазда божи лъурав лъавукълъиялъ к1век1ула.
К1алзул мунагь ц1ехолев халкъалдаги рихула,
Хазина г1амал буго, г1акълу бугес гьеб ккола.
                ***
Г1умру къокъаб буго, къадар бащадаб гьеч1о,
Къиямасеб къоялъул сифатал цере руго:
Рибачилъи, чи каки, чи вихьун раг1и бицин,
Чорокаб нигаталда чехьалъе лагълъи гьаби.
                ***
Мунагьакьа х1инкъулел х1арамалде кколаро,
Х1алал рихьун хьвадулел бусурбаби кколаро.
Как, к1ал, закаг1ат, г1умрагун-х1еж т1убалел,
Г1ибадат къабуллъулеб къукъаялда ратила.
                ***
Дунял г1ассилъулеб г1амалги босун,
Г1емерал хьвадула ургъел гьеч1ого.
Унго гьаб ракьалда иман лъеладай,
Исламалъул кунч1и кибего щвезе ?
                ***
Как базе кват1ана, кири дагьлъана,
Киналго мунагьал гьарзалъун ана.
Гьалбал рик1к1алъана, рук1ел бихана,
Ракьалъ наг1ана кьун г1умру билана…               
           ***
Руго жеги ругънал нилъер рак1азулъ,
Тавбу гьабуниги сахлъи щоларел.
Гьелъ батила жах1да жергъенги кьабун,
Жамаг1ат бикьизе къеркьолеб бугеб.
                ***
Къаси-къад ч1еч1ого какал раниги,
Кири г1емерлъилищ г1амал гьеч1езул ?
Г1адан ват1а гьавун т1обит1улеб дин,
Т1адег1анав Бичас бикьараб фарзищ?

                ***
Г1умру-ралъад буго раг1ал лъалареб,
Раг1и-хвалчен буго гулла хисулеб.
Сонал- гама буго рах1ат лъалареб,
Рах1му рек1елъ ц1унун вук1а г1адамалъ.
                ***
Гьал т1олго ниг1матал нилъее кьурав,
Кьер-кьерал т1аг1амал назру гьарурав.
Т1адег1анлъи жиндир лъийго якъинав,
Лъик1алде къасд лъезе къуват кье нижей!

1990 сон


Рецензии