2 часть. правители ункратля и киялала. предания

ПРАВИТЕЛИ УНКРАТЛЯ И КИЯЛАЛА

ЧАСТЬ II. 

БИЦЕНАЛ (ПРЕДАНИЯ)

Борхатаб Кавуда кисма гъедалго
Киндай рихъ-рихъичIел хъахIилал зобал?
Кавудахъан рачун лучби гъуридал
Щайдай кьвагь-кьвагьичIел чIегIерал ракьал?

РигIарал, тIагIаял тIухьидул гулби,
ТIинчI мокъокъил курмул киндай рорлъана?
ТIун кескал лъугьаял Мисри хвалчаби
Лучбузул габунир киндай рахъана?
(магIу)

КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ ТУХУМ


«Гьел ккола батIи-батIияб заманалда Хунзахъа гочун рачIарал нуцабазул гIагарлъи Ункъракь мухъалда жидеца бетIерлъи гьабулел рукIарал. Гьаб тухумалъул бищун некIсияб гIаркьел ккола Алдамилал, жал гьанир, тIадегIан рехсарал баяназда рекъон, XIII-б (1256 с. – И. Г.) гIасруялъул бакьулъ, Суракъатил вас Байсаргун цадахъ щварал. Гьаниб аваданаб жаниблъиялда гьазда рихьун ратила кулабазда гIумру гьабулел чагIи ва гьенибго лъарал рагIалда – цIакъ щулияб кьурул гIус гIадаб борхалъи. Гьеб борхалъуда гьез бан буго гьен (гIурус. – «замок») ва гьелда сверухъ жидерго рукъзал, сверухъ къедги бугел ва жанибе унеб кавуги лъураб. ГьабсагIатги гьеб борхалъуда бараб нуцабазул авалалда росулъ абула Каву-йилан. Гьенибго биценазда рекъон, Имаматалъул заманалда сивунир жанир рахчун рукIарал нуцабазул тухумалъул чагIи рухIун руго, гьелда сверухъ цIаги бан. Мансур ХIайдарбеговасухъе щварал баяназда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго гьижрияб 1260-б соналъул шавал моцIалъул ахиралда[7] (1844-б соналъул ноябералъул бакьулъ. - Ш. Х1.). Гьенив вукIинчIев нуцабазул тухумалдаса КIудияв Сурхай абарав чи чIван вуго Сасикьа Тула-ГIиса абурав чияс(ул кумекалдалъун. – И. Гъ.) къегьалазул ГьагIмади росулъ (гIурус. – «село Хакмадой Шаройского района Чеченской Республики». – Ш. Х1.). ГьагIмади гьесул букIун буго гIагарлъи. Нуцабазул кIиабилеб гIаркьел ккола – АмирхIамзалал. Гьел ккола, КIудияв ГIумаханил вац Гебекил наслуялъул (Гебекил 5-б наслу – Хъайтмаз ПатагIалиев-Аварский. – Ш. Х1.) биценазда ва Тимур Айтберовасда ратарал гIараб хъвай-хъвагIаязда рекъон, 1729-30 (гьижрияб 1142 с.) соналда (ГIумма-нуцалил чагIаз? – И. Гъ.) жиндир эменги чIван Къедиве арав АмирхIамза абурав нуцалчиясул наслу. Гьеб соналда Хунзахъ аскIоб бугеб КIахъ росулъ ккун буго лъабго вацасда гьоркьоб кьал. Пирхарав ГIумма-нуцалил чагIаз чIван ратила (лъица лъалеб гьечIо) гьесул вацал Гьанкалавгун Туралав, ва гьесул вас МухIамад. ЧIаго хутIанила Гьанкаласул вас АмирхIамза. Гьевги жиндирго кIиго яцгун имгIал Пирхарав ГIумма-нуцалилгун рекъел къабул гьабичIого ун вуго Къедиве. Гьенир кIияйго яцги (цоялда цIар Ханзада. – Ш. Х1.) (цогидалда СунтIазадай. – И. Гъ.) Алдамилазе кьун руго. Жеги Нуцаби тухумалъул рицуна Сурхайилал (гьев ХIХ-б гI. гIумру гьабун вукIарав чиясдаса бачIараб цIар батила; дида ккола гьелги АмирхIамзалалги цого-цо чагIи ругин. – Ш. Х1.) ва БурикIилал (гьездаго Бурашилалги абула. – Ш. Х1.) абурал гIаркьалаби ругин абун. Нуцабазул тухумалъул чагIи руго цогидал Ункъракьалъул росабалъги: Гьакъо – Суракъатилал (Къедиса Сурхайилазул гIагарал ругилан бицуна. – Ш. Х1.), Сасикь – БацIилал (гьездаго Асланбегилалги абула; биценазда рекъон 1844-б соналда Асланбег гьитIинав вас вукIиндал чIвачIого хутIана ва хадув Сасикь гочана; Къеди бицана гьев БурикIилазул чи вугила. – Ш. Х1.); Силди – Хъазилал (АмирхIамзалал), КIванкьада – АмирхIамзалал (ХIХ-б гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гьениве гочун вуго МухIамад абурав чи, гьелги ккола гьесул наслу. – Ш. Х1.)»[237].   (Тарихчи ШагIбан ХIапизов. «НекIсияб Къеди»,«Миллат» казият, № 6.)

СИМ-СИМ УЛКАЯЛЪУЛ ХАНАСУЛ ЛЪАЛКIАЛ


1256 соналъ Абумуслимил бетIерлъиялда гъоркь Хунзахъ тIалъиялде бачIараб гIарабазул аскаралдаса къун Суракъат ханасул вас лъутизе ккун вугила, жиндир хIисабалда, гьеб заманалъ рачIарал ругила нуцаби Къеди, – янхъвалеб буго тарихчи ШагIман ХIапизовас[238].
Гьединаб пикру гьев гIалимчиясул гуребги, Дагъистаналъул тарихалъул гIелмуялда жаниб цоги чанго бакIалдаги батула. Гьеб хабар роцIцIинаби мурадалда бокьун буго гьеб некIсияб хъвай-хъвагIай тIубанго гьаниб лъезе.
«…Цинги гьел аскарал ана мугIрузде, ай Аваралде. Аваралъул квершел жиндихъ бугев, жинда нуцалинги абулев Байар, Суракъат ханасул вас, цо бутIа жиндир гIагарлъигун, гьезул агьлу-хъизангун Туш ракьалде лъутана, гьеб ракьалъул гIадамалги гьесул квершаликь рукIиналъ.
…Цо заманалдаса, гьев, жиндие нагIана батаяв, исламалдаса лъутун капурзабазухъ ун Тушалъ чIун вукIарав, жинда нуцалинги абулев Суракъатил вас БайарилАмирсултаница боялда гьарана жиндир инсулги умумузулги ханлъи тIад буссинабизе кумек ва ЦIунтIаса байбихьараб Аршти[239] щвезегIан ракьалдаса аскарги данде гьабун, гьебгун цадахъ балъго сардилъ Хунзахъе вачIана…»[240]
Гьаб баяналъул тIоцебесеб бутIаялда бугеб «…гьеб ракьалъул гIадамалги гьесул квершаликь рукIиналъ» абураб каламалдаса бичIчIулеб буго гьев лъутун араб ракьги гьеб заманалъ гьесие чияр букIинчIолъи. Шаклъи гьечIо гьел мухъал хъварас Туш абураб цIаралда жаниб жакъа нилъеда лъалеб гуржиязул Туш гуребги гьелда гIагарда бугебщинаб ракьги бачун букIиналда, щайгурелъул гьел нуцабазул бищунго гIемерал лъалкIал Ункъракьалъул Къеди гурони гьеб мухъалъул цоги бакIалда гьечIелъул.
Буго цоги хабар чачаназул тарихалда жаниб дида батараб. Чачаназул гIалимчи А. Сулеймановас жиндир «Топонимия Чечни» абураб тIехьалда хъвалеб буго, 1944 соналъ гочинаризе цебеккун жиндир умумузухъ цIунун букIараб тарихияб хъвай-хъвагIаялда жаниб бихьизабун букIанин, тушманас Сим-сим абулеб ханлъи бихизабун хадуб гьелъул хан Суракъат ва агьлу-хъизан, хутIараб аскаргун, хазинагун, ярагъ-матахI ва цоги гIемераб бечелъигун, бакI-бакIалдаги лъалхъулаго щванила Чанты – Аргун гIоралъул рагIалде ва гьелъул квегIаб рахъалдеги рахун цо кьурул гIусалда тIад кутакаб хъалаги бан гьенир чIанила. Жакъаги тIубан бихичIого бугеб гьеб хъалаялда цIарги бугила «КIирда б1авнаш». Киниги гьев Суракъатидаги гьесул вас Байаридаги кIвечIила гьеб ракьалда тIад щулалъизе ва рачIарабго къагIидаялъ жидерго богун, агьлу-хъизангун нахъеги анила…
Сулеймановас бицунеб гьеб бакI буго гьанжесеб Итумхъала районалъул ракьалда бугеб ТIерлой мухъ. Гьеб мухъалъулги, гьелъулго мадугьалихъ бугеб Пешхой ва Нашхой мухъазулги бакIазул цIаразул (г1урус. топонимия) хIисаб гьабидал, чачанлъиялъе гIадатал гьечIел, амма Къеди ва Къеди рукIарал нуцабазул цIаразда хурхарал бакIал ва гьединго хъулбиги ратана. Пешхой ва ТIерлой мухъазда гьоркьоб бугеб мегIералда цIарги «Къевдин» буго. Гьединалго бакIалги бакIазул цIаралги руго Итумхъала сверухъги, ЧIанти, Зумсой, Хьаро, Шаро ва ЧIарбил мухъаздаги.
Нилъеца хал гьабулеб ва гьелдаса хадусеб заманалъул тарихалъул хIисаб гьабидал бихьулеб буго, гьел ва гьел гурел цоги хадусел цIех-рехазул хIасилалдаги магIарулазул ханзабазул хIакъалъулъ чачанлъиялда ратизе бегьулел баянал жидеда хIикмалъизе кколел гьечIолъи, шайгурелъул Аргуналъул жаниблъиялда ва гьениса Гъалгъаялъе щвезегIанги бугеб ракь нус-нус соназ жинда тIад хундерил ханлъиги букIараб, Къеди чIарал гьезул чагIазул тIалъиялда гъоркьги бугеб букIиндал. Щоботи щун, ЧIарбилъ, ГIандимагIарде нахъе гIунтIун Къедиса Алдамилал лъалареб, батIи-батIияб заманалъ гьезул квершаликь ккечIеб бакIги гьениб букIун гьечIелъул. Нилъер тарихалъе цIакъ кIвар бугеб ва жеги гIемераб хIалтIи тIад гьабизе кколеб суал буго гьеб[241].  (ИсмагIил АмирхIамзал. «Къеди -Ункъракьалъул тахшагьар», «Миллат» казият, № 8, 2015 с.)


КЪЕДИСЕЗУЛ НУЦАБИ

Нижер рокъоб батараб биценалда рекъон, тIоцеве Къеди вачIарав хундерил ханзабазул чи кколев вуго Сурхайхан. Гьесул вукIун вуго ГIумаханин абун цIар бугев вас, цинги гьев ГIумахание гьавун вуго Иландулахан, гьесие – Алдамхан, Алдамхание – Хъилич, гьев Хъиличил вас ГIумаханил ккола дир эмен Нуцалхан.
 Умумулъа тIадего жидеда нуцабазулин аби батарал, жакъа Къеди ругел чагIи ккола Сурхайханасул тухумулъул гIадамал, ХIадисилал ва ГIумаханилал. Гьединго гьезулго ккола ГIалисултанилал ва ИмангIалилал. ЩагIманилалги ругин бицен буго. Цоги дида лъалел чагIи гьезул гьечIо. Гьанир дица рехсарал ХIадисилал гьамщал ругинги абула цо-цо къедисез (Хунзахъ районалъул Гьамущи.- И. Гъ.), ГIалисултанилал Гъодобериса ругинги абула. Амма дида нижер рокъоб бицунеб батараб жо буго гьел гIадамал нижерго нуцабазул ругин абун. Гьезулги нижерги умумулъа тIадего жубараб гIагарлъиги буго.  НУЦАЛХАНИЛ ХIАСБУЛАЦА БИЦАНА. (85 С.)


ГЬИДАЛЪЕЛ ВА МЕСЕДИЛ ЩУГО САХI

Ведено ниж ругеб заманалъ, гьенив вукIана МухIамад абун цIар бугев, гьабсагIат дидасаги заман барав гьидалъа кIудияв чи. Гьес цо нухалъ дов нилъер рекъав ГIамирханги аскIов вукIун дида бицана, Ункъракьалда рукIарал жидер гIадамалги вабаъ унтиялъ тIагIун, гьеб ракь цо заманаялъ хутIун бугила тIад чи гьечIого. Цинги Хунзахъа Сурхайилал абулел ханзабазул гIадамалги рачIун гьез гьелда квершел гьабун бугила. Гьез Гьидалъе ритIун чагIи рачIун ругила, гьеб нужер ракьалъул хIалаллъи къваригIун бугин, жидее бичеян. Гьидалъел гьелда разилъун ругила ва гьелъухъ жидее ункъго сахI меседил кьеян абун бугила. Гьез абуралдаса цоялъ цIцIикIун - щуго сахI меседги кьун, ракьул даранги гьабун нужер гьел гIадамал тIад руссун ун ругила. Жакъа нилъ Гьидалъе аниги, мухIканаб жо, нилъеда гьениб гьеб бицен батизе буго. Гьелъин дица къедисездаги цоги сверухъ ругел росабалъа гIадамаздаги кидаго абулеб, дида кIолин къуръаналда кверги лъун гьедизе, гьеб кинабго ракь нижер умумузул бугин ва нужги гьез дора-гьаниса рачIун гьенире риччарал гIадамал ругин. Нилъер ракьалда рукIарал гьел гьидалъел вабаъ унтиялъ тIагIун ругин, дир инсул вац Иландулацаги бицунаан.  НУЦАЛХАНИЛ ХIАСБУЛАЦА БИЦАНА. (85 С.)

ШАМИЛ ИМАМАС КЪЕДИСЕЗДА ГЬАБУРАБ «ГЪАЗАВАТ», ГЬЕЛЪИЕ ГIИЛЛА ВА ГIАЙИБИЯЛ[242]

Къедисез гIурусазде данде рагъде рахъине инкар гьабулеб бугин абун жахIдачагIаца рицарал гьерсаздаги божун Шамилица Къеди ритIарал муридзабаз гьаниб гьабураб гIассилъи исламалдаги бусурманлъиялдаги данде кколеб жо гуро. 90 ялдасаги цIикIун сонал гIумруялъул ругев кIудияв ШагIманица (яги гьесул вац ГIабдухаликъица), муридзабаз жив чIвазе вукIин бичIчIидал гьезда гьарун буго цо как базе ва жиндиего Ясин цIализегIанги те живан. Как бан лъугIидал, жеги какикьжоялда тIад вугев гьесул габуралда муридзабазул цояс нахъасанги вачIун ханжар бахъун буго. Гьеб къоялъ гьесул би тIад араб Къуръан нилъер мажгиталда букIанин бицунаан кIудиял чагIаз. ЧIван руго гьединго лъимал ва лъимада ругел цо-цо руччабиги. Гьебги цохIо гьел нуцаби абулел гIадамазул нахъе чи хутIинчIого вукIинелъун. Амма тушбабазе бокьараб къагIидаялъ Аллагьас гьеб биччан гьечIо - гьел нахъе хутIун руго. Гьезул руго, нилъер малалаца вахчун чIаго хутIарав васасдаса лъугьарал Гехалалги, цогидал ракI бухIарал къедисеца рахчун хутIарал лъималазул Нуцалханилалги. Гьединго, КIудияв ГIамиргIалилаца чирмакъалиялда жанивги вахчун цIунарав, гьеб заманалъ жиндир 2-3 сон букIарав ХIамзатидаса лъугьараб нижер хъизанги. Бицен буго, Кавуда си бухIулеб мехалъ гьениса къватIий кIиго гIолохъанай яс йорчIун йигин ва гьезул цояй Силди ккун йигин. КIиабилей араб бакI дида лъаларо. Гьей Силди арай гIаданалъул руго гьенир ругел Хъазиялин жидеда абулел гIадамал.
Гьеб ишалъулги гьеб гьедин ккеялъул гIиллабазулги мухIканго хал гьабидал бичIчIулеб буго, гьеб заманаялъ Дагъистаналда кибго букIараб гIадин, жидер рес бугел, рагIи билъарал тухумазул, ханзабазул гIадамазде данде, гьезда цере жалги жидер умумулги рагьдателаллъун рукIарал чагIаца, Шамилида ва гьесул гъазаваталде мугъчIвайги гьабун, мацIцIалдалъунги хIилаялдалъунги рагъ гьабулеб букIараблъи. ШаригIаталда борцани щиб къиматдай гьелъие кьелеб? Тарихалда балагьидалги бихьулеб буго гьел гIадамазул гIемерисел рукIин жал къватIиса рачIарал, риччаян гьарун, бекьизеги бецизеги бакIги кьун гьаб ракьалда тIад риччарал. Гьеб лъикIлъиялъул хIасилги ахиралда умумузул кициялъухъе ккун буго - хIатIиде бахине биччараб нацI ахир бетIералдеги бахун буго.
Шамилил заманалдаса цебе, Къеди рукIарал нуцабазул чагIаз жидедаго гьоркьоб бикьун букIун буго жидер бетIергьанлъиялда бугеб Ункъракьалъул киналго мугIрузда ва гIалах-ракьалда тIад хIакимлъи. Сасикь чIарал, гьанже «Даитилал» ва «БацIиял» ан жидеда абулел нуцабазул гIадамазул умумузул тIалабалда гъоркь букIун буго АсаликIалдаса бехе бугеб ракь. Чачаналъ жаниб ракь: Шаро-Аргуналде щун, Хонокь, Хашакь ва цогидал бакIал Сурхай абун цIар бугев гьел бегзабазул чиясул бетIерлъиялда гъоркь букIун буго. Гьединго, жалго жакъасел сасикьезда лъалеб ва гьезухъги бицен бугеб жо буго, гьезул росдада тIад «Басрияб хабал» ва гьанже школа бугеб бакIалдаса эхеде бакъда ругел хурзалги гьев Сурхай бетIергьанал рукIараблъи. Гьез гьеб бакIалда ХIарималъул ракьинги абула. Къедиб бугеб ракьалда бижулареб гьоло, хъабахъ, цIоросоролъ хьалаанила гьес гьениб. Гьел киналго ракьазда тIад балагьи гьедин бикьун букIаниги, гьенир ругел гIадамазухъа бакIарараб магъало: щибаб кIкIуялдаса кIи-кIи сахI тIорщалил, цо-цо гIиялъажо ва лъаб-лъаб гула-хер, цо бакIалде – Къеди бачIунеб букIун буго. Гьединго гьезда тIадаб букIун буго щибаб лъагIалил лъабго къоялъ гьел нуцабазе хIалтIизеги. Кидаго яргъид гIуцIцIун хIадурарал рагъухъабазул къокъаги букIун буго Къеди, гьел нуцабаз цебехъанлъи гьабулеб ва гьеб магъалоялъул цо бутIаялдалъун жиб хьезабураб.
Шамилил заманалъ, жидер Сасикь рукIарал ракьазда тIад балагьулев чилъун гьез тун вукIун вуго Тула-ГIиса ян цIар бугев, Къедиса Сурхайилгун гьудул-гьалмагълъиялда вукIарав ангъадерил тухумалъул чи. Ахиралда гьевги бетIералда лъугьун, Къеди-Сасикь рукIарал мацIихъабаз, Шамилил наиб, ТIиндиса ГIаличулагун[243] дандги бан, рачIун муридзабаз гьел нуцабазул махI бугел, гьезулгун гьоркьоблъиялда рукIарал гIадамазул гIемерисел чIвала. Гьедин жал чIваразул цIикIараселги нилъер Бурашилазул, жидеда «уздензабиян» абулел чагIи ккола. Къедисел чIвалелде цо-кIиго къоялъ цере гьел муридзабаз чIван руго Сасикь рукIарал бегзабазул чанго чиги.

АВТОРАСУЛ БАЯН: (Гьигьалъа ИманмухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса)
«АхIул ГохIдаса лъутун чачаналъе щун хадуб Шамилица жиндир наиблъун ва къиялазул киналго наибзабазул кIудиявлъун (мудирлъун) тун вукIана Дышниялдаса чачанав Арсанакай. Амма гьев кватIичIого имамасе хилиплъана ва лъутун гуржиялъе гIурусазухъе ана. Гьелдаса хадуб гьев чачанасул бакIалда Шамилица тана ГьоцIалъаХуданатил МухIамад. Гьев вукIана цIакъ хъачIав, ритIухълъи гьечIев, жинда божизабураб ракьалда тIад гIемераб зулму тIибитIизабурав чи. Гьедин зулмуги гьабун тIагIинаруна гьес Къедиса нуцабазул хъизаназул балугъав щинав чи. Гьеб ишги букIана гьадин:
Худанатил МухIамад наибас байбихьуда гьел нуцабазул къадро хвезабуна ва гIорхъи бахун (хатака) гьел хIакъирги гьаруна. Хадуб лъазабуна, гьезул, ай къедисезул, амру гьабизе ихтияр жидехъ бугел киналго бихьиназул би хIалалаб бугин. Гьелъул хIасилалда, кватIичIого, гьеб би гьес жинцагоги тIуна.
Къиялазул наибасул зулмучилъиялда рази гьечIев Шамилица гьев гьениса нахъе вахъана ва гьесул бакIалда, цIидаса, гIурусазухъа нахъе вачIарав Арсанакай тана».
Муридзабаз ярагъ нахъе тIалаб гьабулеб букIун, гьеб тIалаб тIубалищ яги тIубаларищ, рагъищ гьабилеб яги квердейищ инел, абурал суалазул хал гьабизе ракIарараб бакIалда нуцабазул гIадамазда гьоркьоб рикьи ккола. Цояз абула имамасухъе чи витIизе вугин ва гьев тIаде щвезегIан ярагъ нахъе кьезе гьечIин, цогидаз ярагъги нахъе кьун муридзабаз малъараб гьабизе бугин. Гьениб «Нахги бахун кьезе буго ярагъ нахъе», - ян абурав чиги гьел Бурашилазул вукIун вуго. Ахирги доб хабалазул ракьанда, дугIа-алхIамалъе росу бусунеб кIудиял ганчIал ругеб бакIалдеги ракIарун гьел ярагъ гIодоб лъезе тIамула, цинги «Гьанже нахъе а», - ян муридзабацаги абун унаго, сверунги лъугьун гьез чIва-чIван гIодореги рала. Ярагъ нахъе кьечIел, рагъизе хIукму гьабурал гIадамал, Кавуда тIад сивунирги рахчун лъабго-ункъго къоялъ, ахиралда муридзабаца сверун гулги бакIарун рухIизегIан, рагъула.
Гьеб цIа лъезе цевеккун сардилъ гьениса къватIивеги ворчIун, дир кIудияв эмен ГIалисултанил инсул эмен Ханбулат Шамил имамасухъе, жиндир муридзабаца Къедиги рачIун гьабулеб бугеб жо бицинеги ва щай гьеб гьедин бугеб гьикъизеги уна. Гьенив щведал гьесда данд чIвала хъабагун лъел цIезе уней, Гуржиялъа гьитIинай яс ячIун гьезул рокъой хьихьун гIурай, хадуй Шамилие гъулухъалъе кьун йикIарай Тамара абун цIар бугей гIолохъанай гIадан. «Дир вац!» - абун йохун гьасие хъваш-башги гьабун гьей жиндирго нухде уна, Шамил вугишанги цIехон гьев вугеб бакIалде жаниве лъугьунаго, гьесул хъаравулзабаца «Цин ярагъ тIаса бахъе!» - ян буюридал, бахъиларин дагIбаги гьабун, гьезухъаги ворчIун унев гьев нахъасан туманкIги речIун гьенив чIвала. Лъедаса тIад йуссун ячIарай Тамарада лъала чIван гIодов лъун вугев чи щивали ва гIодоб хъабаги рехун, «Дир вацал чIвалев чиясе гъулухъ гьабулей гIадан гуро дун», - анги абун гьениса тIад юсун Къеди ячIуна. Бицен буго гьев Ханбулатил жаназаялда тIад сардилъ нур чIун бугин. Гьеб бихьарав Шамилил васас инсуда гьикъун буго: «Эмен, гIака бечIчIулаян абун хIама бечIчIула ругодай нилъ?», - ан.
Росулъ ккарабги рагIун, гьениве вачIинеян къватIив вахъарав Сурхай, нухда сордо базе чIараб бакIалда гьоболасухъги инчIого мажгиталда рештIун вукIуна. Муридзабиги, цадахъ Тула-ГIисагун, къедисезул нуцабазул нахъе хутIарав ахирисев чи Сурхай кквезе абун чачаналъе рачIун, рокъоса гьевги ун ватун, араб рахъалъул цIех-рех гьабулаго гьеб мажгиталда гьесда тIаде щола. Кутакав чи вукIиналъ гьев кквезе гьезул чангояв речIула ва цадахъ Тула-ГIисаги лъугьун вухьа-къала. Жив вухьунев чи щив вугев лъарав Сурхайица гьесул гьурмаде тула ва: «Ярагъ кьурав чукъа, чу кьурав гьудул, мунищ дир кверал рухьизе ватарав?» - абун кIал гьикъула. Гьениб гьезул бетIерас ишан гьабун цо муридас Сурхайил мугъалда туманкIги речIула. ГIодов ккун холев вугев гьес Тула-ГIисада абула: «ЦогIаги Аллагьасе бокьулеб гIамал дир батани, дица дудасан хун вугониги къиссас босила!» - ян. Гьесда туманкI речIарав чи, гьеб ишги гьабун нахъе руссун ГьетIа-кIичIалъа гъоркье гьел муридзабазул къукъа бачIунаго, пархун араб мокъокъалдаса яги гIансаялдаса тIурун гIодоб ккараб жиндирго чода гъоркьги ккун хола. Тула-ГIисаги гьелдаса хадув чанго бакIалдаса гъоркье вортун: «Щиб лъугьараб, лъица дуе гьаб гьабураб?» - абун гIагарлъиялъ цIехедал: «Сурхайица, Сурхайица», - ян абулаг хун вугин бицен буго.
Гьединаб къагIидаялъ нуцабиги цоги къедисезул рес бугел, рагIи билъарал гIадамалги тIагIинарун, Ункъракьалъул мискин халкъалъ, Шамилица гьенив тарав наибги бетIералда лъугьун, гьезул буголъи, ракь жидедаго гьоркьоб бикьула. Гьедин бикьараб ракьалъул, Къеди рукIарал мискинзабазе щибаб кIкIуй рикIкIун 15 пуд хьалеб бекьулебги гьелда релъараб бецулебги бакI щола.
Нижер тухумалъул гIадамал рачIараб бакI буго Хунзахъ районалъул Байикь ва ЧIондокь росаби. РачIараб заманги кколеб буго тIоцебе нилъер мухъалда Ислам дин тIибитIизабизе Хунзахъаги, Гьидалъа ва Гъазигъумекисаги бусурзаби щвараб мех (гIага-шагарго 14-15 гIасру. – И. Гъ.). Гъоркь рукIарал гIадамазда динги босизабун, гьеб щула гьабизе ва гьел гIадамаца гьеб рехун течIого букIине гIоло балагьизе гьанир тарал чагIазул ругин нижан бицен батана дида нижер рокъоб[244]. Дир инсул вац БатагIалида лъалаан Хунзахъ букIараб гIагарлъи. Гьенир ругел ва Къеди рачIарал цересел нижер умумул цоцаде гъоркье-тIадеги гIемер щолел рукIун руго. Шамилицаги, гьесдаса хадуб большевиказги гьел росабазул гIадамазе кIудияб къварилъи гьабун буго, чIван ва жанир тIамун анцI-анцI сахав чиги тIагIинавун вуго.  (Къедиса ГIалихъиличил МухIамадкамилица бицана)

ГЪОДОБЕРИ АРАВ КЪЕДИСЕВ ВА ГЬЕСУЛ ВАЦ ИДРИС НАИБ[245]

Шамилил муридзабаз Къедиги рачIун гьабураб чIвай-хъвеялда гьоркьоса лъутун йорчIун Гъодобери уна нуцабазул цоясул гьитIинав васгун гIолохъанай чIужу. Заманалдаса гъодоберисесе росасеги ун гьей гьенийго чIола. МацI бицунев, жо бичIчIунев лъугьидалги гьелъ васасдаса балъго гьабун букIуна жив лъил ва киса вугевали. КъватIахъ, жинда гIел бащадал васазда гьоркьоб рагъ-кьалалъулъ цогидаздаса къун чIолареб гIамалги букIун, дандиязул цо-цо улбуца «Апараг» илан абулеб рагIидал гьес эбелалда цIехола гьелъул магIна ва щай жинда гьедин абулеб. ХIакъикъат васасда лъазе бокьичIей гьелъ цо-цо жо бицун гьев божизавун вукIуна. Амма кIудияв гIунагIан гьесда бичIчIизе лъугьуна эбелалъ жиндаса цо балъголъи бахчулеб букIин ва ахир-къадги гьес гьей гьеб рагьизе тIамула. ГIолохъанчи гIедал гьев инсул росулъе Къеди вачIуна ва гIумру гьабун гьанив чIола. Гьесда цIар букIун буго АмирхIамза. Нилъер ШагIманилазул кIудияв эмен ккола гьев.
Авторасул баян: Цо-цо баяназда рекъон, гьев АмирхIамзал эбел цадахъав вац вуго нилъер мухъалда жив лъикI лъалев Гъодобериса Идрис наиб(?) Гьев Идрисил гIагарав чи вуго НикIалайил заманалъ Иъадахъ мегIер ккун жив вукIарав КIкIаратIаса ХIадис наиб.(Х1адисил ч1ужу йик1ана Идрисил яц Батул. – Гъодобериса Х1амдула).  (Къедиса ГIалихъиличил МухIамадкамилица бицана. Хвана 2016 соналъ)

СУРХАЙ, ГЬЕСУЛ РАКЬ ВА АГЬЛУ-ХЪИЗАН[246]

Къедиса нуцабазул чачаназул рахъалда бугеб Хонокь, Хашакь, Гьагlмади, Шаро-аргуналде щун бакI, гьел нуцабазул чи Сурхайил бетlергьанлъиялда гъоркь гьес тlалаб гьабун букlуна. Гьесул чlейги гlемерисеб мехалъ гьенибго букlуна. Шамилил муридзаби Къеди щвелелде цебе яги гьел гьенир ругел къояз росулъеги вачlун гьес жиндирго агьлу-хъизан чачаналъе хъамула. Гьел гlадамал рукIана дир кlудияв инсул эмен, гьеб заманалде18 сон тIубарав гlолохъанчи Хlадис, гьесул эмен Гъазимухlамад(1786 с.) ва гьединго цогидал руччаби, лъимал. Къеди букIараб гlагарлъиги гъурун рачlуна Сасикьа Тула-Гlисагун муридзабазул къукъа чачаналъе Сурхайида хадур ва гьенив кквезе щварав гьев гьез чlвала. Вукъунги гьев Гьагlмади вугин абула.
Гьелдаса хадуб, чачаналъ гьел ругеб заманалъ Гъазимухlамадие гьавула Амирхlамза(1846 с. - И. Гъ.). Кlудияв гlедал гьес чIужулъун ячуна чачанай Бадак(?). Гьезие гьавурав васасда цlар лъола Сурхай абун. Гьев ккола немцазулгун букIараб рагъда тIагIарав Аслаханилги, дир эбел Сакинатилги, Ханзадай ва Патlиматилги эмен. Гьединго Хlадисиеги ячун йикlуна чачанай Тату, дир кlудияв эмен Исмагlилилги, Мусал ва Мухlамадилги эбел. Кlудияв Гъазимухlамадица дунялалда бала 100 соналдасаги цlикlун заман. Гьедигlанго гьесул вац Амирх1амзацаги ва вас Амирхlамзацаги бала. Хlадисилги хвелалде цебе нусгоялдаса ц1ик1ун сон букlуна.

Гъазимух1амадил вац КIудияв АмирхIамзал вукIун вуго МухIамад абун вас. Гьев ккола КIванкьада бугеб дир гIагарлъиялъул эмен. Щай гьев росулъа нахъе арав дида лъаларо. Гьев МухIамадил наслуялъул АхIмадхан ва Дурдин абун кIиго васги ва Баху абун ясги рукIана. Нилъер гIадамал Ведени гочунелъул гьелги рукIана гочун гьенире рачIун. АхIмадхан вукIана учитель, гьес диеги кьуна дарсал. «Хадув цIакъ рекIекълъизе вуго мун, цIале, АмирхIамза!» - ян гIемер абулаан гьес дида. Гьев Дурдин вукIанин абизе бегьула Дагъистаналдаго тIоцеве вахъарав летчикги. Веденисаги гьел гочун Хасавюрт районалъул Октябрскоялде ана. Къедиса нуцабазул чагIи ккола гьел.

Гьев АмирхIамзалги ХIадисилги вацгIал вукIун вуго Хъиличил эмен Алдам. Хелекь колода гъоркь бугеб ракьги букIун буго АмирхIамзаеги Алдамиеги бащад гьабун бикьараб. Цо заманалъ жиндирго бакI Алдамица вацгIаласе бичун буго гIака-бечеялъухъ. АмирхIамзаца, хисулеб гIакдал бечеги жиндиего ккезабун гьесие цоги бече кьун букIун буго. Гьеб лъарав Алдамица гьесда абун буго: «Бече хисарав мун, куса, мун бечед гьавурав дун, куса», - ян. Гьел рагIабаздасан бичIчIулеб буго гьев кIиявго куса[247] вукIараблъиги.

1970-80 соназ ГIалихъиличил Алжанатги ячун Къеди чIун вукIана Гьакъоса Гьидалъев абун чи. Гьакъо гочун араб дир инсул рукъалъул гIагарлъиялъул вукIана гьев ва гIемер дихъеги вачIунаан. Гьел ккола гьакъоса Сурхайил МухIамадил гIадамал, гьедин бицунеб батана дида нижер рокъобги. Силдиса КIудияв Хъази вукIана цо заманалъ Гьиндуха магIарда гIияда. Бецлъиялъги херлъиялъги гъоркь хутIун анцIгоялдасаги цIикIун соналъ бусада йикIарай Ханзадай ункъачое сайгъат-саламгун гIемер вачIунаан гьев ва гьес абулаан: «Къеди цого-цо хутIарай гIагарай гIадан йиго дир гьай», - ан. (Къедиса ГъазимухIмадил АмирхIамзаца бицана (80 сон)

ГЬИДАЛЪЕЗ ЦIУНАРАВ ХУНЗАХЪЕВ[248]

Чиги чIван вахчизе ккарав Хундерил нуцабазул цо вас, рецIцIел босун чIванин абун хабарги биччан, гьеб заманалъ хунзгун ракълида рукIарал гьидерил кIудиясухъ цIунизе щвезавула гIагарлъиялъ. Гьесги гьев байбихьуда гьеб мухъалъул цо росулъ вахчун вукIуна ва хадув вачун жиндирго чагIазухъ Къеди щвезавула.

АВТОРАСУЛ БАЯН: Гьаб бицен мухIкан гьабула МухIамадсултаница ва ГIашикъилазул МухIамадица бицараб хабаралъги.Тарихалда ругел баяназда раккидал бихьулеб буго хIакъикъаталда иш ккун букIин гьадин: Тарихчи Т. М. Айтберовас бицана гьеб чIвай-хъвей ккараб заман бугин гIага-шагарго 1729-31 сонал. Кьахъ росдал ракьалда гьел нуцабазул лъабго вацасда гьоркьоб ккараб рагъулъ гьезул кIигояв чIвала. Гьел чIваялъул гIайибавлъун гIагарлъиялъ рикIкIуна чIаго хутIарав ГIумахан. Гьеб иш роцIинабизе гIоло, боцIи бикьун, ракьал кьун, гьес гIагарлъиялда жаниб рекъел гьабула, амма чIварав цо вацасул вас АмирхIамзаца: «Инсул би бичулев чи гуро дун!» - анги абун гьесда тушманлъи лъазабула ва гьеб сабаблъун вахчизеги ккун Къеди вачIула. Гьевгун цадахъ Къеди рачIуна Ханзадай ва СунтIазадай абун гьесул кIиго яцги[249]. Гьебго иш сабаблъун Хунзахъа нахъе ине ккарал гьесул гIагарлъиялъул цо-цо гIадамалги хундерил Сивухъ чIола ва гьенир гIумру гьабун рукIуна[250].

Дир эбел Сакинатица гIемер бицунаан Хунзахъ районалъул Сивухъа, жиндир кIудияв эмен АмирхIамзае ретIел-хьитгун, жидее сайгъат-саламгун рачIунел рукIарал гIагарал чагIазул хIакъалъулъ. Гьелъ гьезул цIаралги рицунел рукIана, дида гьел кIочон тана. Гьединго сайгъат-саламгун гьев живгоги унев вукIун вуго Сивухъ гьеб гIагарлъиялъухъе щвезе. Гьезулго лъимал, кIиго гIолохъанчи, ниж Ведени ругеб заманалъги рачIун рукIана нижехъе (2014 соналъ хварав ИбнухIажарил Халилицаги бицун букIана гьел гIадамал жиндаги рихьанин. – И. Гъ.).  (Къедиса ГъазимухIмадил АмирхIамзаца бицана (80 сон)

КЪЕДИСЕЛ ВА ШАМИЛ[251]

Шамилил бодулъ Къедисезул чи гIахьаллъун дида рагIичIо, амма гьес гьабулеб жоялда данде чIчIарал гIадамал гIемер рукIараблъи баянаб жо буго. Цо биценги буго, Шамилица нилъер гIадамал бодулъе ахIичIого тун рукIанин. Гьелъул бакIалда гьезда тIад къан букIанин Гьиндуха магIарда бугеб шахтаялдаса рагъул хIажалъабазе сурма бахъизе ва туманкIул хер гьабизе. (Къедиса АмирхIамзал МухIамадица бицана).

КЪЕДИСЕЗУЛ ТАРИХ ВА ХЪАЛИЯН[252]

Алдамилазул чагIи Совет хIукуматалъ жанир тIамизе рачун индал гьезул рокъой хутIун йикIуна цо кIудияй гIадан. Цо къоялъ гьелъухъе щвезе вачIарав гьелъул гIагарав чияс гьелда гьикъула хъалиян кьуризе кагъатго гьечIищ гьазул гьанибан. «ГьечIо, амма гьаниб цо гъамас буго, гьелда жаниб батизеги бегьула», - ян тIад кIул бараб гъамас бихьизабула гьелъ гьесда ва гьез гьеб нахъасан кIичIалъаги бахъун рагьула. Гьелда жаниб гIемераб документ-кагъатги батун гьев чияс абула: «Гьаб жо гьаб хIукуматалъухъ щвани дур гIадамал къватIир рачIунаро», - ян. «Дица щибха гьалда гьабилеб?» - абун хIинкъарай гьелъ гьикъидал, дос гьелда малъула гьеб бухIизе кколин. Гьелъги къотIнобеги бахъун гьеб кинабго бухIула. ХIакъаб жо буго гьеб гъансиниб нилъер росдае цIакъ кIудияб кIвар бугеб хъвай-хъвагIай букIараблъи, щайгурелъул гьел гIадамал рукIиндал нилъер нуцабазул ирсилал. (Къедиса АмирхIамзал МухIамадица бицана).

«КЪЕДИСЕЗ МЕГIЕР ГIАДИН ККВЕ»[253]

ГIанди мухъалда НикIалайил хIукуматалъул наиблъун КIкIаратIаса ХIадис вугеб заманалъ, Игъадахъ магIарде жидер гIи ине гьукъарал къедисезе тамихI гьабизе абун гIахьвалазул кIудияб бо къватIиб бахъун буго. Гьеб заманалъ рахъ-рахъалдаса тенколел чагIиги гIемер рукIун, нилъер жамагIаталъ гIолохъабазда тIад гьабун букIун буго щивас цо-цо лъикIаб туманкI босизе. ГIахьвалал рачIунел ругин рагIараб къоялъ, росдал кIудиял чагIи, Малачиласул колода ярагъгун гIолохъабиги тун Хъвайда гьезда дандчIвай гьабизе ва къваригIараб жо гьикъизе уна. Гьез бицараб жо жидее къабуллъичIел КIкIаратIаса гьалбадерил рекIарал-лъелал мегIер бахъичIого толарин абун цере рагъарула, амма майданалда нух ккун ярагъгун къедисезул гIолохъабиги ва гьезул жидедаса нахъе къазе къасд гьечIеблъиги бихьун, рачIарабго нухалъ тIад руссун ГIахьвахъе уна ва гьелдалъун гьеб дагIбаги къотIула. Гьеб иш ккаралдаса нахъе ГIанди мухъалъул гIадамазда гьоркьоб, гьаниб бетIералда хъвараб: «Къедисез мегIер гIадин ккве», - абураб калам, цо щиб бугониги жо щула кквеялъул хIакъалъулъ кици гIадин тIибитIула. (Къедиса АмирхIамзал МухIамадица бицана).

ЦИДУРОХЬ[254]

Нурмух1амадил Зубайрицаги Мух1амадханил Гъанбулатицаги дида бицун бук1ана Цидурохьалъул х1акъалъулъ гьадинаб хабар:
«Эчеда маг1арда нахъа, Къеди-Сасикьазул к1к1алахъ Г1орул к1алда т1ад бугеб, жинда Цидурохьин жинда абулеб рохь къедисел бет1ергьанаб бугин абулаан цебе умумуз. Бицен бук1ана гьеб рохьоса рахи-ч1алу ва бух1улеб ц1ул къот1изе нилъер г1адамал иналъул. Гьединго гьеб рохьоса цо заманалъ ц1ул къот1улеб бук1ун буго сасикьезги. Амма гьедин къот1араб ва т1аса гъоркье лъарахъе бараб ц1ул нахъе босизе ихтияр бук1ун гьеч1о к1иябго росдал г1адамал цадахъ ун гурони. Гьеб г1адлуялъе гьенив тарав хъаравулги вук1ун вуго. Гьедин гьабиялъе г1иллаги бук1ун буго, къот1ун гъоркье бач1араб ц1ул цоя-цоязул бикъи сабаблъун кколеб бук1араб даг1ба. Ц1ул х1амуца баччулеб ва чуяз, оцаз ц1алеб нухги, Зак1икь лъарахъа эхеде, Багъулалъул колода гъоркь щобилъа т1аде бук1ун буго».  (Къедиса Аларханил Шарунабица бицана).

САСИКЬА ХАТИЛ МУХ1АМАД.[255]

Шамилил наиблъун жив вук1арав Сасикьа Хатил Мух1амадил ракьал г1емер рук1иналъе г1илла, дир х1исабалда, бук1ине бегьула гьесул наиблъи[256]. Къеди магъилъги гьесул г1езег1анго ракьал руго. Къедиса нуцабазул чи Сурхай ч1ван хадуб Хатил Мух1амадица к1иабилей ч1ужулъун ячун йик1ун йиго гьесул яс Пари. Гьелъ Мух1мадие гьавурав вуго Къедиса Сахрол к1удияв эмен Парил Нурмух1амад. (Сасикьа Саидах1мадица (глухой) бицана).

ТУЛА Г1ИСА, СУРХАЙ ВА ЦИДУРОХЬ[257]

Нижехъа МагIазил Шарапудиница дида бицун букIана цохIо Къедиса Сурхай гурони нуцабазул чи нилъер бакIалда вукIинчIин. Сасикьги Къедиги жал нуцабазул ругин абулел гIадамазул гIемерисел чагIи гьев Сурхайилги гьесул умумузулги боцIуда рукIарал гIадамал ругин.
Тула Г1исаца Цидурохьоса къот1араб ц1ул бук1ун буго лъарахъе г1одобеги бан нахъе босич1ого. Кире ун рук1арал ва кин гьенир ккарал лъаларо, х1амулгун гьениса рач1улел Къедиса Сурхайил чаг1аз гьеб ц1ул х1амузда лъола бихьун буго цо сасикьесда ва гьес Г1исада бицун буго дур ц1ул бугин нуцабаз х1амузда лъолаян. Г1исаца абун буго эхеде биччайин, гьанир щведал дун гьезухъ балагьилин, гьеб гьединги эхеде баччизе кколебги бугин. Баччун ц1улгун къедисел Сасикь щвараб мехалъ Г1иса мажгиталда цеве г1одовги ч1ун вук1ун вуго. Цереса эхеде х1амул унаго бахъун ханжаргун гьес ц1ул бухьарал лълъубал къот1ун руго ва ц1ул г1одобе бан буго[258]. Гьеб иш сабабалъун Г1исалгун тунка-г1уси ккедал абураб буго Сурхайица «Дица ч1ела дур горбода мал», - ан.
Сасикь Т1асиял хабалазда аск1об, Гьабол рукъалда цебе бугеб хур бекьула рук1ун руго Сурхайил г1адамал. Тула Г1исада сасикьез абун буго дур хур бекьула ругин нуцабиян. Г1исаца гьенивеги ун гьезул ц1улал пуруц бекун буго.
Сасикь ругел Бац1иял абулел чаг1и рук1уна жалги нуцабазул ругин. Х1акъикъаталда, Къедиги Гьакъоги гурони нуцаби рук1ун гьеч1о, Сильди гьел рук1анинги раг1ич1о. Къеди рук1аразул бук1араб х1исаб буго Гьиндуха мег1ерги. Магъалоги бак1арулеб бук1ун буго гьез киналго сверухъ ругел росабалъа, доба Гуржиялъе щвезег1ан ругел ракьаздаса. (Сасикьа Саидах1мадица (глухой) бицана).

КЪЕДИСЕЛ ВА ГЬЕЗУЛ РАКЬ[259]

Хунзахъ вукIарав Суракъат ханасул ракь букIун буго чачаналъ Гъалгъати щун, Гуржиялъ Тушалъе щун, Хонокь, Хашакь ва кинабго Ункъракьги. Къедисезул ракьги цо заманалъ гьидерил гIадамазул роол гIалахлъун букIун буго. ГIигун, чIегIер боцIигун риидал рачIунеб, хасало жибгоги толеб. Гьев Суракъат вукIараб яги гьесдаса хадусеб заманалъ гьел ханзабазул васас чи чIван вуго. БукIараб гIадаталда рекъон, къисас босун чIвазе кколев вукIарав гьев вас гьез, чIванин хабарги биччан гьидалъе лъутизавун вуго. Гьеб заман букIун буго гьидалъел хунзгун лъикIаб гьоркьоблъиялда ругеб. Гьезул кIудиясги гьев вачун Къеди щвезавун вуго. Гьев васасул лъугьарал гIадамал руго нилъер нуцабазулин абулел чагIи.
Дир вас ГъазимухIамадил вакьад, Агъвалиса ЖабрагIилов МухIамадрасул тарихчи вукIана. Чуралбакъдаса бехе бугеб ракь сабаблъун нилъерги Сасикьезулги дагIба буге заманалъ гьес дида бицун букIана жинда тарихалда батанила, къедисел Шамилица бодулъеги рачинчIого туманкIул хер гьабизе тун рукIанин. Нилъехъги буго гьединабго бицен (руго, гьединго, гьеб хер гьабулел рукIарал бакIалги, гьелъие хIалтIизарулел рукIарал ганчIалги. – И. Гъ.).
Къеди рукIарал нуцабазул чи, кIудияв Асланбег гочун вуго Сасикь. Гьесул лъугьарал руго Сасикьа ХанмерзахIажилал. Гьеб ракьги, Хелекьориса, АнгъитIаса ва цоги-цоги бакIалдаса рачIарал гIадамазухъ, магъалоги тIад лъун кьун букIун буго Къедиса нуцабазул чагIаз. Гьезги гьеб ЗакIикь гъоркь бугеб «ЧIчIвадил гомог» абулеб бакIалде щвезегIан гурони босун гьечIо, цогидаб, гьенисан гъоркье гIорулкIалде, гьениса ЦIудубусахъ[260] щвезегIан бугеб бакI пайда гьечIеб букIиналъ. Гьединлъидалин нилъер гIаммаб ракьалда бухьенго гьечIого батIа тIураб гьеб гIорулмохъалъул ракь къедисезул кколеб. (Къедиса ГъазимухIамадил МухIамадсултаница бицана. (83 сон). Хвана 2015 соналъ).

КЪЕДИСЕЗУЛ РАКЬГИ НАИБАСУЛ РОКЬИГИ[261]

НикIалайил хIукумат бугеб заманалъ чачаналъ ругел ракьал сабаблъун къедисезулги къиялазулги ккараб дагIба тIезабизе витIун вачIун вуго ГIанди округалъул нилъер мухъалда тIад тун вукIарав цо наиб. Гьеб суалгун чачаналъе арав гьев, гьений цо гIаданги йокьун, гьеб рокьи сабаблъун къедисезул Хашакь, Хонокь ракьалги къиялазе ккезарун, ячун гьей чачанайги нахъе вачIун вуго. (Къедиса Сурхайил АхIмадханица бицана. (80 сон). Хвана 2015 соналъ).


НУЦАБАЗУЛ РАКЬ[262]

ТIинди, Хуштада, Гьигьалъ щун, ЦIунтIа, Сагьада, гуржиялъ ва чачаназул Гьима гIорухъе щун гьаб кинабго нилъер мухъалда бугебщинаб ракь Къеди рукIарал нуцабазул чагIи бетIергьанаб, гьез тIалаб гьабулеб, гьезие магъало бакIарулеб букIун буго. Гьанже сасикьел тIад ругеб ракьги, гьеб заманалъ рохьил, заз-хъарахъалъул цIураб букIиналъ хIалтIизабизе бажаричIого, гьел нуцабаз брак гьабун тараб букIун буго. Гьеб гьедин тараб бугин абун бараб сиги букIун буго гьениб. Гьединлъидал тIоцере гьенир рачIарал хелекьориса чагIазда «сиялда гъоркьалин» абулеб букIун буго, «сасикьелин» абун гьанже бугеб цIар заман индал гьелдаса сверун лъугьараб буго. (Къедиса ИбнухIажарил Халилица бицана. (96 сон). Хвана 2013 соналъ).

ИГЪАДАХЪ МЕГIЕР[263]

Доб сасикьезулги нилъерги ракь сабаблъун дагIба бугеб соналъ (1992с.) росулъе щвезе вачIарав дунги дида цадахъ цоги 10-15 гIолохъанчиги, цоял чуял рекIун, цогидал лъелго, ун рукIана Игъадахъ магIарде. ГIалихъиличил МухIамадкамилида лъала гьел гIолохъабазул цIарал. Гьенире инелде цебе дица абун букIана, 2-3 чи дунгун вачIине дагь вукIулин, щай гурелъул цо къо ккедал гьезул цогIагияв кодов щвечIого хутIизе бегьулин, гьединлъидал дида цадахъ рилъайин 10-15 чи, мегIерги бихьизе, гьелъул гIорхъабиги лъазе. Гьедин арал ниж рахана Игъадахъ Къедисезулги, Гьакъосезулги, Силдадерилги гIорхъи бикьулеб бакIалде ва дица гьел гIолохъабазда бихьизабуна гьаниса дорехун силдал рукIанин, гьаб цояб рахъалда гьакъосел рукIанин, церехун, доре Гьима гIорухъе щвезегIан Къедисел рукIанин. Гьеб мехалъ гьенив аскIов вукIарав Пирдогъил васас (НурмухIамадица. – И. Гъ.) абуна гьанже жинда кIолин гьа гьедизе, щайгурелъул инсуца жиндаги гьеб гIорхъи гьединго бихьизабун букIанин. Гьанже силдисазул рагIула хабар къедисезул ТIарада Игъадахъа добехун гуро бакI гьечIин, цогидаб бакI жидер бугин. Нагагь нужерги гьезулги, яги цоги лъилгун букIаниги гьеб мегIер сабаблъун дагIба кканани, нуж ине ккола Хунзахъеги, БакьайчIиги, щайгурелъул, нилъер кIудиял чагIаз бицунаан, риида гьезул гIи бачIунеб букIанин Игъадахъ магIарде ва хаслихъе нахъе руссун унаго, Къеди росдал тIарада, «ХIоржазул бакI» абулеб бакIалда, Чалахо кIалда чIезеги гьарун гьезухъа хIоржал рахъулел рукIанин, мегIералъухъ ясахъ хIисабалда. Гьедин рачIарал гьел чахъабиги магъил садакъаялъе яги цоги росдае къваригIараб бакIалда хъолелги рукIанин. Силдисаз абухъе мегIер гьезул батани, гьеб мегIер кванарал хундерицаги, бакьайчIдерицаги ясахъалъе кьурал куйдул Къедисеца кваналеб къагIида кинаб букIунеб? Гьеб букIунареб жо буго. Ясахъ кьола мегIералъул бетIергьабазе. Силдисазе лъикIаб буго жидерго гIорхъода чIчIанани. (Къедиса ИбнухIажарил Халилица бицана. (96 сон). Хвана 2013 соналъ).

ИГЪАДАХЪ МЕГIЕР ВА СИЛДАЛ[264]

ХIуригатги бергьун Совет хIукумат гIуцIцIулел сонал рукIана. БитIун гIи-боцIи магIарде бахъулеб роол гIужалъ Игъадахъ мегIер сабаблъун нилъерги силдисезулги дагIбаги ккун хIукуматалъул чагIи рачIун рукIана гьеб мегIералъул гIорхъаби тIезаризе ва дагIба чIезабизе. Жеги чIужу ячинчIев гIолохъанчи, советалдеги ахIун кодоб кагъатги кьун дун витIана Силди, гьезул селсоветасдаги гIадамаздаги абизе метер Игъадахъ рачIайин. Силди щвелалдего, гьеб росдада нахъа ГIатIидаб кIкIалахъ дида гьезул 2-3 рехъен гIиги гIухьбиги ратана. Гьел гIухьбузул цо гьве багъизе лъугьун дица ханжар кьабун гьелъул гIинги къотIана. Гьениса гъоркье вачIунаго дида данлъана силдиса Атимал Лабазан абулев чи, билараб хIама балагьизе вахъарав. Гьесухъ бана дица сордо. Сардилъго ун дица кагъат кьезе кколеб бакIалде кьуна ва радал вахъун гьезул гIадамалгун цадахъ Игъадахъги вачIана. Силдисезул гьенире рачIун рукIана росулъ тIаса рищарал 5-6 чи. Гьездаса цояв вукIана КIудияв Хъази. Цогидал дида ракIалда гьечIо, гьел щал ругел дида лъазеги лъалароан. Ниж Игъадахъ щвелалде гьенире рачIун ратана нилъер гIадамалгун дол хIукуматалъул чагIиги. ГIорхъи-рахъ лъалев щивав чиги кIалъазавун, гьеб гIорхъи бикьулел щинал бакIаздаги чIун гьез план бахъунеб букIана ва хъвай-хъвагIайги гьабулеб букIана. Дида лъалеб жо буго, гьеб къоялъ гьенив щивго дагIбагъулев чиги вукIинчIо, дагIбадизе гьез толелги рукIинчIо.
Гьанже силдисазул хабар рагIула гьеб Игъадахъги, гьелда нахъа бугеб Гьиндуха магIардаги жидер гуреб цоги гIадамазул гIи киданиги букIичIин. Гьеб хабар гьезул гьереси буго. Нилъер гIиги чIегIербоцIиги Игъадахъа камураб заман киданиги букIинчIо, цохIо Совет хIукуматалъул заманалъ гъачагъаца толарого гьенире инчIого чIараб мех гурони. Нилъер росулъе рачIунгицин бикъана гьез чанго нухалъ гIи. (Къедиса Хизрил ХIанапица 1992 соналъ бицана. (88 с.).

ГЬИНДУХА МЕГIЕР[265]

ГьитIинав чи дун вугеб мехалъго гьеб Гьиндуха магIарде нилъер росдал оцазул рехьедги, чуялги, хIорал гIиязул рехъабиги унаан. Цо соналъ нилъер ГIалил КIушкIандил Исрап вукIана ХIажихIмал чIоралъув къайида гьагIмадисезул гIиял рехъада. Гьесие квен-тIехги цIанги босун щварал нижер гьобол Гьимаса Къадисил МухIамадил лъимал дунгун цадахъ Къедиги рачIун, нижехъ сордоги бан нахъисеб къоялъ тIад руссун ана. Гьез гьарун течIого гьелгун цадахъ Гьима дунги ана. Гьениб чанго сордоги бан ГьагIмади гьоболасул бакIалда щведал, жакъагIадин ракIалда буго, гьес дида абураб: «Метер къедисезул букIараб къайиде гIи бечIизе ине руго», - ян. Радал тIад рахъаралго ниж ана гьеб росдаса гIемер рикIкIад гьечIеб нилъер «Хъаравулзаби чIолеб рукъ» абулеб бакIалда гъоркьехун бугеб кIудияб майданалде. Гьенир ракIарун ругоан гьагIмадисезул руччабиги, бихьиналги. Лъун цо кIудиял хьагалгун гьенибе тIолеб букIана гьез бечIчIараб рахь. Гьоболас гьениб цо кIегIмерги хъуна ва гьелъул нахъияб бащалъиги тахтаги кьун дун нухда регIана. Жеги дида цадахъ букIана Гьимаса гьоболас кьураб цо хъанда-гьвеги, кьохорхоги, гьалил таргьаги. ГьитIинав чи вукIиналъ дида гьеб кинабго баччизе кIолеб букIинчIо, гьединлъидал дица гьалил таргьа хъандил мугъалда бухьана. Гьединги жо ккечIого, ахирги гьеб таргьа дица, тIадеялъул бижизе букIинаянги абун, гIинги ккун магIардаса бехе рехана.
Цо нухалъ эменгун цадахъ Къиялъе щварал ниж как базе лъалхъун рукIана «Алдамил иц» абулеб бакIалда. Гьеб ицул лъеца какиеги чурун гьелъул къаданиб бугеб цо кIудияб къономахIаб ганчIида тIад бана нижеца как. Инсуца абуна гьеб ганчIида тIад букIанин мегIер нилъер букIиналъул ва гьеб бакI нилъерги къиялазулги гIорхъи букIиналъул хъвай-хъвагIай. КвартIица бухун хвезабун бугоан гьеб. Цоги гьес бицана гьелда гъоркь сверун тIурччиги рахъуги бан лъураб шишаги бугин, гьеб мегIер чачаназухъ заманалъ кьураб бугин абун тIад хъвараб кагъат жаниб лъураб. «Нужер яги нужер лъималазул кида букIаниги гьал чачаназулгун дагIба ккезе бегьула. Гьедин кканани бухъун гьаб бакIгун гьеб шиша рагье ва кагъаталда балагье, лъималаздаги гьедин малъе», - янги абуна гьес дида.
Гьеб Къиялъ нилъерги чачаназулги рохьалъул гIорхъи буго Алдамил ицалда аскIосан бугеб «ХъахIаб лъим» абулеб гомог, доба мегIералъул бетIералде щвезегIан. Гьенисан чачаназдехун бугеб жанибеги гьанкьадерил, нилъедехун бугеб рахъ нилъер буго. Гьеб бакIалдаса буго Апарата магIарде унеб нухги. (Къедиса Хъазил МухIамадица 1992 соналъ бицана. (86 сон).

ЭМЕН ХЪАЗИЛ ДУГIА ВА ЧАЧАНАЗУЛ ГIОДИ[266]

ГьагIмади мажгиталда рузман балел рукIун руго Къиялъ рохьоса чIалаби къотIизе ва оцалги ран гьел росулъе цIазе арал дир эменги нилъехъа цо МухIамадги(?) Как бан бахъидал къиялаца инсуда гьарун буго дугIа гьабеян. «Оцазда чIалабиги ран магIарде рахунаго, бухIун бакъги бугони, ракъунги ругони, речIун никIкIгун оцалги тIурун ани, гIазаналлагь, МухIамад!» - илан, цоги-цоги гьелда релъарал жалги рикIкIун гьабун буго инсуца чачаназе дугIа. Велъизе бачIун, гьеб кквезе кIоларого кIутIби чIамулев гьалмагъги вихьун, гьоркьо-гьоркьоб: «Сабро гьабе, МухIамад!» - анги ахIулеб букIун буго гьес. Жинца рикIкIунеб жо дугIаянги ккун, «Амин!» - ахIулаго кIичIван гIек-гIекиялда гIодулел чачаналги, релъи кквезе кIоларого кIудияб гIакъубаялда вугев МухIамадги, цIакъ кепаб сурат букIанин жидер гьеб къоялъин бицунаан инсуца. (Къедиса Хъазил МухIамадица 1992 соналъ бицана. (86 сон).

КЪЕДИСЕЗУЛ РАКЬАЛДА БАРАБ ГЬИНДУХАЗУЛ МАСЖИД[267]

Чачаназ Гьиндуха нилъер ракьалда масжид бан бугин хабарги бачIун ахIи бан гьенире ун рукIанин къедисезул гIолохъабиги жамагIатчагIиянги бицунаан инсуца. Сардилъ бан бугин гьез гьебанги букIана нилъехъ гьелъул хабар. Биххун гуро чIоларел нилъералги биччаларел гьиндухалги рукIун, гьоркьор маслихIатчагIиги лъугьун гьара-гьикъун тезабун бугила гьеб.
Цо соналъ гIияда хасел бахъинабизе чачаналъ арав Туначол эмен Нурав, тIаде кIудияб гIазуги бан гьеб масжид бугеб бакIалда гIагарда хутIун вуго. Зарал ккеялда хIинкъарав гьес, рагьун муцIагун: «Гьаб рукъги Аллагьасул буго, гьаб боцIиги Аллагьасул буго», - янги абулаго гIи масжидалде гъун буго. «Гьабги Аллагьасул буго», - ян, кIиябго гIинги ккун гьездаго хадуб гьвеги рехун буго. Гьеб мажгиталда гъоркь дида лъалеб мехалъги тIокъо букIана, жинда жанир гIадамал гIодор чIолеб. Гьеб къоялъги чачанал гьенир рукIун руго, амма цонигияс гьесда рагIи абун гьечIо, аскIовеги вачIун: «Ругищ хъасун роцалгун хабар бицунел?» - ан гьес гьикъаниги. (Къедиса Хъазил МухIамадица 1992 соналъ бицана. (86 сон).

ХIАЖИМУХIАМАДИБИР ВА АНКЬГО КЪИЯЛАВ[268]

Гьиндуха магIарда гIигун вукIарав Дибирасул МухIамадил эмен (?) ХIижимухIамадибирасда ва гьесие квен босун гьеб къоялъ гьениве ун вукIарав ХIажихIма абун цIар бугев цо нилъехъасда тIаде рачIун руго эменги анкьго васги, къиялал. Гьезул мурад букIун буго хIинкъизеги гьарун гьел гьениса нахъе къотIи. Дибирас гьитIинав чи ХIажихIмада абун буго, жинда нахъасан гьезул чи вачIунев вугони дуца лъазабейин ва босун цо кIудияб махил тIилгун тIаде лъугьарав гьес, тIилалги росун рагъизеян рачIарал къиялал рухун кьабун гIодор лъун руго. Жиндир васазе ккараб жо бихьарав къиялас гьесда ахIун буго: «Мун гIадин багъулеб рохьоб циги бихьичIо, бергьенлъи дуе буго, гьанже ниж жалго те!» - ян. (Къедиса Халитил НурмухIамадица 1992 соналъ бицана. (87 сон).

МАЦ1ИХЪАНГИ Ц1Ц1АЛГИ[269]

Къедиса цо чи вач1ун вуго нуцабазул г1адамазда т1асан г1арзгун Шамилил заманалъ диван бук1араб Эчеда майданалде. Гьесухъ г1енеккун вахъиндал диванчияс жиндирго кумекчаг1азда буюрун буго гьев г1орц1инег1ан кваназеги гьавун х1обода вухьейин. Гьедин вухьарав гьев тамахлъизег1 ц1алаца вухун вуго ва нахъе виччалаго лъазабун буго гьанжесалалъги г1арзгун вач1ани гьебго тамих1 гьабизе бугин. (Хважак1ил Юсупил Г1умарица бицана. Шава).

МАЛАЛАЛГИ НУЦАБИГИ[270]

Цо иш сабаблъун даг1баялда рук1арал малалаздаги нуцабаздаги гьоркьоб ярагъ бахъараб рагъ ккун буго. Маслих1аталъе гьоркьор г1адамалги к1анц1ун рат1а гьарурал гьезул киназухъаго ярагъ нахъе босун буго ва бат1и-бат1иял бак1азде жанирги къот1ун, хъаравулзабиги тун цоял-цоязул заралалдаса ц1унун ч1езарун рук1ун руго. Гьедин нуцабазул чаг1и ц1унун рук1арал г1адамалги тохлъизарун, бахъун ханжаргун гьел жанир рук1араб рокъове к1анц1ун вуго малалазул цо Г1али абулев чи ва 3-4 чиясда ругъун лъун буго. (Хважак1ил Юсупил Г1умарица бицана. Шава).

НУЦАБИГИ МУРИДЗАБИГИ[271]

Дир к1удияй эбел Парил яц Париласул Пат1иматица бицунаан, нуцаби ч1ван хадуб гьезул руччаби-лъималазул 42 чи ун вугила муридзабаз цереги къот1ун росулъа рачун. Кире гьел арал ва щиб къисмат гьезул ккараб жинда лъаларила. Гьелъ жеги бицунаан, муридзаби Къеди рач1араб къо рузман къо бук1ун бугила. Какдаса г1адамал рахъулеб г1ужалъ щун ругила гьел мажгиталда цере. Рач1инахъего гьезул цояс, г1адамазда гьоркьов жиндирго лъималазул лъимерги кодоб ккун вук1арав цо к1удияв чиясда ц1ар ц1ехон бугила ва гьес гьеб бицун бахъиналде реч1ун туманк1гун гьев ч1ван вугила. Гьелдаса байбихьун бугила хадуб ккараб ч1вай-хъвейги. (Хважак1ил Юсупил Г1умарица бицана. Шава).

БУРАШИЛАЛ ВА ХАНБУЛАТ[272]

Нижер умумул Къедиса нуцабазул гIадамал рукIанин батана дида нижер рокъоб бицулеб. Кавуда тIад чанго мина буго Бурашил чагIазул. Бегзабазул гьечIел чагIазул минаби гьенир тIад рукIинеги рес гьечIо. Къеди нуцабазул гIадамалги чIван Шамилил муридзабазул къокъа ун буго ГьагIмади. Гьел рачIараб заманалъ росулъ вукIинчIолъиялъ чIаго хутIарав нижер тухумалъул чи Ханбулат ун вуго гьезда хадув, жинца Шамил чIвачIого теларин абун. Мугъалда баччун бугеб мехалъ Базали туманкIалъул хъундагъ ракьалда цулев гIадав къокъав чи вукIун вуго гьев. ГьагIмади щведал дол муридзабазда тIадги ккун, щив вугеб лъарал гьез гьевги гьенив чIван вуго.
КIудияв Халилица дида бицун букIана, нуцабазул чагIиги чIван Шамилил муридзаби нилъер гьаниса нахъе ун хадуб, имамас хабар бачIун бугила: «Цоги дозул махI бугев нахъе хутIарав чи вугищ Къеди?» - абун. МацIихъабаз, ругин жеги гьединал чагIи ян жавабги битIун, муридзаби тIад руссун цоги нухалъ рачIун ругила Къеди. Доб ГIабдулгIазилги Хайрулалги минаби ругеб бакIалда рукIун руго гIараб гIелму цIаларав лъабго вац, жидер ракьалги, боцIи-панзги гIадамазухъ ижараялъе кьун, руччабиги рачинчIого халваталда чIарал. Бурашилазул тухумалъул чагIи рукIун руго гьел. РачIун Шамилил муридзабаз гьел рокъоса къватIир рахъинарун руго ва гьенир рукъалъул тIохда рахараб бакIалда цояв вац гьез туманкIги речIун чIвадал, хутIарав кIигояв цоцахъ балагьун хутIун руго, цинги гьез цояс цоясда абун буго: «Гьев лъова тIад (Кавуда) цо нухалъ кванан вукIана» - ян. Гьеб каламалъ бицунеб буго, Кавуда рукIаразулгун гьезул букIараб дандеккунгутIиялъул. Гьев кIиявгоги муридзабаз гьенив чIван вуго.
Кьохъа тIаде Хунзахъе рахулаго Харахьи щведал, гьеб росдадаса кваранаб рахъалда бугеб кIудияб жаниблъиялда ругел росабазул цоялдаса рачIарал ругин Бурашилазул чагIи Къеди ян абулаан дир инсуца. (Гьамущи яги Мущули ва гьединго ЦIелмес. - И. Г.) (Къедиса Бурашилазул Расулил Сайдарханица бицана).

ИГЪАДАХЪ[273]

ЭМЕН ХЪАЗИЛ МУХIАМАДИЦА БИЦАНА:

ГьетIа-кIичIазда нахъа, Игъадахъ лъар бахун добехун танкаллъиялда буго сверун ганчIил къед бараб лол. Рагъда цересел соназ дунги, дида цадахъ Шавалханги, цоги нижергун гIел бащадал гIолохъабиги ун рукIана гьенире жамагIаталъ ритIун, гIи жаниб бечIчIизе гьеб лол гьабизе. Гьениб жаниб цогIаги нухалъ гIиги бечIчIичIо.
Гьебго заман букIана. Игъадахъ рукIарал оцалги гIухьбиги рачIана рии бакьулъ РицIцIалъ церехун. ГIухьбуз абун бачIана, жал силдисезулгун дагIбаги ккун нахъе рачIанин. АхIи бахъун арал росдал гIолохъабазул 30-40 чияс оцал Игъадахъе рачана ва гьениб цо оцги хъун, квана-гьекъон 3 къо бана. Хъелтадул тIелбазда, хIархьазда, гонгазда – кир цIеханиги нижеда гьенир силдалги ратичIо. Хадуб баянлъана гьеб кинабго жо гIухьбуз жидецаго ургъун букIараблъи жидеего рекIелгъеялъе. (Къедиса ХъазилмухIамадил Завурбегица бицана).

КЪЕДИСА СУРХАЙИЛ РАКЬАЛ[274]

Къеди росу бакьулъ, Кавуда гохIда хъалаги бан, ЦIумада гIорухъа байбихьараб, Эчеда майданалдаса тIаде гуржиялъе щун, чачаналъе тункун ракьалда тIад квершел гьабун рукIун руго Хунзахъаги Сугъралъаги(?) рачIарал ханзабазул чагIи. Гьел г1адамал Шамилил муридзабаз чIван хадув Ункъракьалъул наиблъун жив тарав Хатил МухIамадил кIудияв эмен Эзер Сасикь чIезе вачIун вуго Гьадириса. Гьебго заманалъ Сасикь рачIун рукIун руго ХIосенги, ХIасанги, Халилги абун лъабго вац – хелекьориселги. Гьезул цояв - Халил Къеди ун вуго ва гIумру гьабун гьенив чIун вуго, ХIосеницаги, ХIасаницаги, Эзерицаги Сасикь ракь бащад гьабун жидедаго гьоркьоб бикьун буго. Гьев Эзерил ГIумар абун цо вас гурони вукIун гьечIо. Сасикь жакъа ругел гьесул наслабазухъ, цогидал тухумазухъ ругелдаса гIемер ракьал рукIиналъе бугеб цо гIиллаги гьеб буго.
(Хатил МухIамад наиблъун тезе цевеккун Ункъракьалъул наиблъун жив вукIарав хундерил нуцабазул чи, Къедиса Сурхайил цо йигей яс. – И. Гъ.) Пари кIиабилей чIужулъун ячун йикIун йиго МухIамадица. Гьесул вукIун вуго щуго вас: Ибрагьим, Хъаралав, ХIамзат, ва Парица гьавурав НурмухIамад. Щуабилев ракIалда гьечIо. Гьел васазул цояв – Хъараласул МухIамадил вуго дир эмен Хъаралав, цогидав, Къеди чIезе арав НурмухIамадил руго Сахрул эмен Шаруханги, ТIиндиса ТупгIалида йикIарай ПатIиматги. Сасикь нижер хъизаналъухъги Къеди Шаруханил Сахрул хъизаналъухъги руго, гьеб кIиябго росулъ Сурхайил рукIарал ракьазул цо бутIа. Гьев Сурхайил дандиял руго ХIадисилал (ГъазимухIамадил АмирхIамзалал).
НурмухIамад хвараб мехалъ, Сасикь, дир кIудияв эмен Хъараласул МухIамадихъ вачIун вуго Шарухан, Къедиса Сабигулал эмен ХIайбулацайищ яги Хъазицайищ витIарав, ракIалда гьечIо, мунги инсул рукъалъул чи вугин, ирс босизе вачIайин абун. Гьедин ирсалъе щварал руго нижер Къеди ругел ракьал. Дир цогIаги инсуца гьел хIалтIизеги гьарун гьечIо, Сасикь ругел ракьал гьезие гIунги тIокIал рукIиналъ. Гьез гьел Къеди ругел мискинал, пакъирал гIадамазухъ толел рукIун руго, лъагIалида жаниб цо къоялъ жидее хIалтIизе гьел рачIине къотIигун. (Сасикьа Хъараласул АхIмадица бицана).

СОВЕТ ХIУКУМАТАЛЪ ХIУРУДАХЪ БАРАБ ХIАДИСИЛ ХЪИЗАН[275]

1950 абилел сонал рукIана. Дир рос, ХуштIадаса МухIамадгун ва эмен ГIаббасгун цадахъ, сардилъ Талилъа рахъун, оцазда гьокоги бан, гьениб тIад хъарпуз, гIанкIаби ва цоги хуриса бакIарараб жоги лъун ниж унел рукIана Хасавюрталъул базаралда гьеб бичизе. Шагьаралъул рагIалда туснахъ бугеб бакIалде щвараб мехалъ инсуца гьоко чIезабуна ва гьенир аскIор жеги рихичIого рукIарал цотIалаял, цоялда хадуб цо гьабун мухъалда рарал минабиги рихьизарун пашманго абуна: «Гьал руго, дир лъимал, дир инсулги гьесул умумузулги рукIарал тукабиги рукъзалги, гьаб ракьги, доба Кокрекалдаса байбихьараб гьаниб ГIакъташ лъарахъе щвезегIан гьезухъ букIараб буго, хасало магIарухъа гIи гочинабизе гьез босун букIараб», - ан.
Кулакалин абун ХIадисил Мусаги МухIамадги жанир тIамун ругин рагIидал, гьел кулаказул вас, дир эмен ГIаббас ун вуго вахчизе Талилъ. Гьеб ракьги цебе жидер гъутан букIанин, гьенирги жал бетIергьанал бокьал, рукъзал ва хIалтIухъаби рукIанинги чанги бицунаан гьес. Гьебго жо бицунаан, колхозал гIуцIцIун хадуб хIукуматалъ гьеб ракь жидехъ кьун тIоцере гьенир рачIун рукIарал Хуштадаса кIудиял чагIазги.
Къедиги гIемераб гIи-боцIиги букIанин ракьалги ругин жиндир умумузулин бицунаан нижеда инсуца. Гьел Хунзахъа рачIарал нуцабазул чагIи рукIанинги абулаан. Рокъор хIалтIизе ккурал гIадамалги, гьединго боцIуда тарал гIухьбиги рукIун руго гьезул. Гьел Кокрекалда ккеялъе гIиллаги букIун буго жидерго гIи-боцIигун цадахъ рачIун гьеб ракьги босун гьенир чIей. ХуштIадиса руччабазулгун дагIба-къец ккедал, жиндирго мегIералда килишги кIутIулаго ПатIина ункъачоцаги гIемер абулаан: «Дун Къедиса нуцабазул яс йикIин лъай нужеда!» - ян. Гьединго абулаан Пашацаги ХIалиматицаги.
Цебе зухIмат-кепгун цо-цо артисталги щолаан нижер гьанир. Гьедин щварай цо Хунзахъа гIадан эменги цIехон нижехъеги ячIун йикIана. Инсуца абуна гьей Хунзахъ бугеб жиндир гIагарлъиялъул гIадан йигин. Росуги бицун букIана - дида кIочон тана. Амма ракIалда руго ТIануси росулъа гIадамал. Гьел нижехъе гIемер рачIунаан ва инсуе цIакъ хириялги рукIана. (ХIадисил Мусал ГIаббасил Марьямица бицана. (78 с). ЦI. Хуштада).

КЪЕДИСА НУЦАБИ ВА ШАМИЛ[276]

Ункъракьалъул наиблъун тун вукIарав Сурхай кквезе Шамилил муридзаби рачIиналъе ва гьев гьездаса лъутун чачаналъе иналъе гIилла букIун буго, жинца тIалаб гьабулеб ракьалда гьес шаригIат билъанхъизабулеб гьечIин, гIадамал куфруялдаги хъублъиялдаги жанир тIерхьун ругин абун, Гьаквариса (наибас?) бачIараб гIарз. Гьеб гIарзалъул хал гьабизе ва гьев жиндихъе вачине Шамилица ритIарал муридзабаз Сурхайги ва гьевгун цадахъ Арсланбегги?, гьеб заманаялъ Имаматалъул тахшагьарлъун букIараб Даргъо, Шамилихъе рачун рачIуна. Гьениб имамас гьезда цебе лъураб суал букIуна Сурхайица Силдисезухъа бахъараб? ва цоги Къедиб бугеб ярагъ нахъе кьей. Арсланбегица абула: «Дицаги дихъ гIенеккулецаги гьеб нахги бахун кьезе буго, имам», - ан, гьелда Сурхайги рази вукIуна, амма гьев росулъе нахъе вуссичIого? Къиялъ вахчун чIола.
Шамилил муридзаби Къеди ругел къояца чанав ун вукIиналъ ч1аго хутIарав нуцабазул чи Ханбулат гьедула жинца Шамил чIвачIого теларин ва гьесул чIей бугеб бакIалде тIаде уна. Шамилил рагъухъабазул ретIел чурулеб ва букъулеб бакIалда цогидал руччабигун хIалтIулей йикIуна гьев Ханбулатида цадахъ яц гIадин цо рокъой гIурай гуржияй Тамара. Гьелда гьев лъала ва йохун данде ячIуна. Гьеб бихьарал муридзабазда бичIчIула гьев щивали ва гьез гьевги чIвала.
Чупалав абун цIар бугев чи вукIун вуго нижер тухумалъул кIудияв. Шамилил муридзаби Къеди рачIараб заманалъ Къуръанги кодоб ккун вахъун вуго гьев къватIив ва: «Нижги бусурманал руго, гъазаваталдаги нижер кинабгIаги дандечIей гьечIо», - абун кIалъан вуго гьезда. Гьел муридзабазул гIемерисел рукIун руго къиялал. Капурал ругин абун нилъер гIадамаз цере гIемер къварид гьарулел рукIарал гьезул ццин букIараб хIисаб буго, чIван вуго гьевги гьесдаго хадур цоги гIемерал гIадамалги.
Гьанже ругел Сасикь ва Къеди росабазе тIоцебе кьучI лъураб бакI буго Къеди.
Нилъер бакIалда чIей гьабун гъоркь гьидалъел рукIадго тIаде рачIун руго Хунзахъа нуцабазул 18 хъизан. Гьел гьедин рачIиналъе гIиллаги букIун буго гьеб ракь Хундерица гьидерихъа босун букIин. Гьел хунзахъезул кIигоял рукIун руго нуцабазул чагIи – кIиго вац. Гьезул цоясул руго Алдамилал, цогидасул – ниж, Бурашилал. Гьелдаса хадур гьидалъел гьенисан нахъе анинги абула, киналго инчIого цоял хутIун ратизеги бегьула. Гьел цадахъ цого заманаялъ гьенир чIун рукIараблъи баян гьабулеб цо гьадинаб хабарги буго. Нуцабазул тIоцере Къеди рачIарал гIадамазул кIудияв, МухIамадханил 500 гIиги вехьги вукIун вуго Къиялъ магIарда. Гьев вехьасе къваригIарабги лъазе, вехьасдаса къваригIарабги лъазе цоцахъе битIулеб, гьанжесеб къагIидаялъ абухъе, «почтовый» гьвеги букIун буго гьезул. Цо нухалъ сивунир гIодорги чIун хабар-кIалалда гьел рукIадго, бачIун гьеб гьве рагьдухъ чIола ва рахIат хун гьаркьахине лъугьуна. Гьелъул гIамалалъухъ балагьун цо жоялда шаклъарал гьез Къиялъе гIадамал ритIула вехьасулги гIиялги хIал цIехезе. Гьенив гьезда вухьун гIодов рехун вехьги ватула кинабго гIиги цIогьабаз бачун ун батула. Биценалда рекъон гьел хунзахъез кумек гьарун ахIи бан буго Къеди рукIарал гьидалъезде. Гьелги цадахъ лъугьун цIех-рех гьабидал бикъараб гIиялъул цо дагьал чахъаби гурони нахъеги щун гьечIо.
Гьел нуцабазул Сасикь бугеб наслуялъул чIей буго Тарху авалалда. Гьеб буго росдал хIукуматалъул гьанжесеб рукъалда ва цебе клуб букIараб бакIалда сверухъ бакI. Дида лъалеб мехалъги гьенир ругел минабаздаса, бокьазда жаниса-жанире цоцалъ хьвадизе бегьулел рагьаби рукIана, нагагь рагъ кканани ян гьарурал. (Сасикьа БацIиязул Асланбегица бицана).

«РЕТIЕЛ ЛЪИКIАВ ЧIВАЙ, ХЬИТАЛ ЛЪИКIАВ ЧIВАЙ!»[277]

Къедиса нахъе гочунел гьидалъел ине кколаанила гьакварисезул мугIруздаса ва гьезул мегъ къотIун. Унтабаца къакъарал, къварилъабазул бакIлъиялъ жидерго ракь рехун тун къватIире рахъине ккарал гьезул къукъаялде тIаде чIамалазул цо-цо гIадамаз гъара гьабун боцIи бахъун, гIадамал чIван ругила. Гьеб иш гьабулаго чIамал мацIалъ гьез цо-цаде ахIулеб букIун бугила: «Гьизбула гьоо тIана, гъабачIи гьоо тIана!» - ян. (Авар. «РетIел лъикIав чIвай, хьитал лъикIав чIвай!».- И. Гъ.). (Сасикьа БацIиязул Асланбегица бицана).

КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ САСИКЬ РУГЕЛ НАСЛАБИ[278]

Хундерил нуцабазул лъимал, кIиго вац вачIун вуго Къеди ва гьидерихъа босараб кинабго ракь гьез жидедаго гьоркьоб бикьун буго. Гьезул наслабазул Сасикь чIезе арал гIадамал ккола нижехъ ругел БацIиялги Даитилилалги. Даитилал руго Къедиса Нуцалханилазул, БацIиял - Бурашилазул. Къеди хабалалъ гьел БацIиязул цересел чагIазул ункъго заниги буго. Цоялда хъван буго «Шишхан», цогидалда - «ЦIихIан», лъабабилелда - «ГIалигъалбацI».
Сасикьа КъебедмухIамадица жиндирго яс кьун йикIуна Къедиса нуцабазул чи Сурхайие чIужулъун. Гьелъ гьений гьаюн йиго цо яс. Шамилил муридзабаз Сурхай чIван хадуб, МухIамадица жиндир яс лъимергун цадахъ Къедиса нахъе ячуна ва Сасикь вукIаравУнкъракьалъул наиб Хатил МухIамадие чIужулъун кьола(? )(Сасикьа БацIиязул Асланбегица бицана).


КЪЕДИСЕЗУЛ НУЦАБИ ВА ШАМИЛИЛ ГЪАЗАВАТ[279]

Къедиса нуцабазул нахъе хутIарал, гьанже гьенир ругел гIадамал руго Къедиса Бурашилал, Алдамилал ва ГIалисултанилал. Цогидалги ратила, амма гьел дида лъаларо. ХIамзатил МухIамадханилал(?) абулел чагIи Гуржи-нуцабазул(?) хутIарал ругинги букIана нижехъ бицен - Хунзахъа нуцабазул гIадамал Къеди рачIиндал гьез жидехъа ханлъи бахъарал. Гьел Гуржи-нуцабазул руго нижехъа Даитилал абулел гIадамалги. Къедисаги тIоцеве нижехъе гьезул цо Малачи абун чи вачIун вукIун вуго, гьесул лъугьараб буго гьеб хъизан. Къеди гьезул жакъа ругел дида лъалел гIагарал чагIи руго Пайзулалалги ХIинцасулалги. Нижехъа БацIиялин абулел чагIи Хундерил нуцабазул руго. Гьезул кIудиявги нижехъе Къедиса вачIун вуго, цIарги гьесда Арсланбег букIун буго. Хунзахъел Къеди рачIине цебеккун гьаб ракьги гьидерихъ букIун буго.
ГьагIмади Алдамил ицдаса бай бихьараб Гуржиялъе щун, ГIанди гIорул мухъалде тункун ракьалда квершел жидехъе щварал гьел нуцабаз, Хунзахъ бугеб г1агарлъиялда мугъчIвайги гьабун зулму гьабулеб букIун буго Сасикь гуребги цогидал росабазул гIадамазеги. Ахирги, Шамилил заманалъ, гьесул муридзабазул кумекалдалъун гьеб зулму тIаса рехун буго. Гьеб ишалъулъ гIахьаллъарав, зулмучагIазда данде тIоцеве жив вахъарав, дир тухумалъул кIудияв эмен Тула-ГIисал хIакъалъулъги нижер гьаниб гьадинаб бицен буго:
Шамилил заманалъ, гьел нуцабазул кIудияв Сурхайица жиндиего ужраги босун ЦIумадисезул гIи биччан букIун буго нижер ХIорихъ абулеб бакIалда. Гьеб бокьичIел сасикьезул цо гIолохъабаз гьел нахъе къотIун руго. Гьебго къоялъ, Къедиса ункъго вац - Алдам, Арсланбег, Сурхай, цогидав дида ракIалда гьечIо, Шамилица жинда тIаде ахIун ун рукIун руго. Гьесухъ гIарз щун букIун буго гьезул ишазул бицараб. Шамилица гьездаса тIалаб гьабун буго жиндие мутIигIлъи. ЦохIо, хадув нижехъ гочарав Арсланбегица гурони гьеб къабул гьабун гьечIо. Гьениса тIад вуссун вачIунев Сурхайида лъан буго ЦIумадисезул гIи нижер гIадамаз ХIорихъа нахъе къотIиялъул хабар ва гьев вачIинахъего, какдаса рахъун масжидалда цере ракIарун рукIарал гIадамазда тIаде ун вуго. Чодасацин рештинчIого гьес гьикъун буго: «Г1и лъица нахъе къотIараб?!» - ан. Гьесие жаваб кьезе цогIаги чиги вахъинчIого, гьени ун рукIаралги нахъе къан сас тун чIедал, цо ганчIида гIодовги чIун жиндирго хьвацIихьитал хурхула вукIарав Тула-ГIисаца абун буго: «Дица къотIана!» - ян. Сурхайица кодоб букIараб цIал гьесда бетIералдаса гъоркье щвезабун буго. Тула-ГIисацаги хурхула букIараб хьит Сурхайил гьурмада бахинабун буго. «Цо регIидал дица чIела дур горбода мал!» - анги абун гьениса арав Сурхай, муридзаби Къеди рачIунел рукIинги лъан Къиялъ лъутун вуго. КIудияб, цIакъ щулияб си букIун буго гьел нуцабазул чагIазул Къеди Кавуда бараб. Гьеб гохIдаса гъоркье лъарахъе щвезегIан унеб нухцин сверун къедалъ бацараб, тIасан тIекъараб букIанинги буго бицен. Ункъго къо бан буго муридзабаз гьеб бахъизе кIоларого. Рагъалдалъун гьенир жанир ругел чагIи жидехъ щолареблъи бичIарал гьез сардилъ гIараздасаги босун пурчIина-ролъалъул гул бакIарун буго си сверун ва гьелда цIа гъун буго. Гьедин гьенир рукIаралги рухIун, жидехъ кквезе щваралги чIван, муридзаби тIад руссун Къиялъе уна. Сурхай жинда лъалев чи вуго абун гьез жалгун цадахъ гьениве Тула-ГIисаги вачуна. Жиндирги гьесулги гIагарлъиги бугин, цоги чи вачеян чIун вукIарав гьев гьез мукIур гьавун вуго жалгун вачIине. Къиялъ цо росдал масжидалда жанив ватула муридзабазда Сурхай. Тула-ГIисал кумекалдалъун гьез гьев ккола ва вухьа-къан гIодов тIамула. Гьениб Сурхайил горбода хIетIеги лъун Тула-ГIисаца гьикъула: «Лъица, Сурхай, горбода мал чIолеб букIун бугеб?!» - ан.
Тула-ГIисал яц, Къебед-МухIамадил яс Меседо йикIуна гьев Сурхайил чIужу(?). Рос чIвадал Къебед-МухIамадица Къедиса нахъе ячарай(?) гьей Шамилил наиблъун вукIарав ХатилМухIамадие ун йиго(?). Гьесие гьелъ ХIамзатин абун цо вас гьавула. МухIамадидаса ятIалъун хадуй гьей ГIисал Дибирасеги ун йиго. Къедиса ячIунелъул Сурхайие гьаюрай ясги йикIуна Меседода цадахъ(?). Гьелъул къисмат дида лъаларо. Къедисаги ячIун къороллъуда йикIарай гьей Меседо ячине бокьун кIудияб къец букIун бугин Хатил МухIмадилги ГIисал Дибирасулги ян бицуна нижехъ. (Сасикьа АхIмаднабил СаидмухIамадица бицана. (87сон).

ХУНЗАХЪ РАЙОНАЛЪУЛ СИВУХЪА ОЦИЯЗУЛ ГIАБДУЛАЦА БИЦАНА. (82 С.)

КIикъоабилел соназ цо нижехъ чIарав бакълъулавгун цадахъ колхозалъул гIиги бачун щун вукIана дун Къеди. Гьиндуха магIарда рииги тIамун руссана ниж рокъоре. Къедисезулин букIунаан гьеб мегIералъул бицен. Цо-цо дол «КIамуридул бокьал» абулеб бакIалдаги раккунаан ниж. Хвараб гIи-цIаназул гIемераб ракьаги лъарги букIана гьеб соналъ гьел бокьахъ. Нужер гIадамал гочун араб заман букIана доб.

ХЪВАРШИСА ГIАЛИМЧИ РЕКЪАВ ГIАБДУЛАЦА БИЦАНА. Бавтугъай росу

Жив имамлъун вугеб заманалъ нилъер мухъалде Шамил швана лъабго нухалъ. Цо нухалъ Хъварши щварав гьесул амруялдалъун, гIурусазулгун бухьен бугел абун гIайибги гIунтIизабун нижехъ 3-4 чи чIван вуго. Гьеб иш жиндие бокьичIев, имамасул секретарлъун вукIарав ХъваршисаЗагъалас абун буго: «Имам, нилъеца гьал гIадамал Рижарас хIукму гьабизе щай толарел?» - ан. Шамилица жаваб кьун буго: «Гьедин гьел тезе бегьуларо, щайгурелъул цогидазе гьез гьабулеб жо квешаб мисаллъун буго. ГIурусазулгун бухьен бугел чагIиги нилъеца чIвазе ккола, жидер гIузро-гIилла гьечIого нилъее кумек гьабуларел чагIиги чIвазе ккола. Гьедин къвакIараб гIадлу гьечIони гъазават бергьунаро», - ян. Гьединабго гIайибги гIунтIизабун гIадамал чIван руго Хуштада, Гьигьалъ, Сасикь ва Къедиги. Лъалеб жо буго Сасикь-Къеди рукIарал бегзабазул чагIазе Исламги ШаригIатги къваригIун букIинчIеблъи. Гьел чIваялъе цо гIиллаги гьеб букIун батула. Гьезул бечелъи яги гьезухъа тIалъи бахъине къваригIун гьабураб жоги гьеб букIинчIо. Кинниги, цо-цо наибзабаца жидер тIалъи бугеб бакIазда гьеб масъалаялъулъ ритIухълъи гьечIолъи биччаялъул, жидее рокьуларел чагIи цо-цо багьанаги батун тIагIинариялъул гIемерал мисалалги руго. Гьелъин Шамилица Имаматалъул ахирисеб анцIго соналъ гьеб ишалде данде гIезегIан кIудияб хIалтIи гьабураб, 1850 соналдаса нахъе чи чIваялъул хIукму жиндир наибзабазухъа нахъе босун букIараб. Къеди-Сасикь кIикъого ва жеги цIикIунги чи цохIо нуцабазул чагIи абун чIванин бицунеб хабарги уяб жо гуро. Ханзабазул ругониги, гъазаваталъе боцIудалъуниги цоги жидеда бажарараб жоялдалъуниги кумек гьабулел гIадамал чIвазени кир чIвалел, гьелъул гIаксалда цогидаздаса кIодо гьариялъул мисалалги доб заманалъ гIемер рукIана. Дир хIисабалда, нужер гьел гIадамал чIваялъе бугеб цогидаб гIилла гIурусазулгун бухьен букIинги ва гъазаваталъе кумек гьабунгутIиги батизе буго. ЧIваразулги къадар гьедин гIемер букIине рес гьечIо. Гьезул гIагарлъиялъул чагIи гочинариги цохIо жидеда божилъи гьечIолъиялдалъун гьабун батула. Гъазаваталъул байбихьуда мацI-кIалалъул хабарги гIемер букIун буго нилъер росабалъ.

КЪЕДИСА ХИЖИ[280]

Шамилил муридзабаца Къеди рукIарал нуцабазул чагIи чIвараб заманалъ гьениса лъутун Силди ячIун йиго жинда Хижи ян цIар бугей ва жий лъимада йигей, гьел чIварал чагIазул цоясул гIолохъанай чIужу. Силди гьелъ гьавун вуго вас. Гьей Хижил цIар лъурай цоги гIаданги йикIана цее нижехъ. (Силдиса Насибица бицана. Кироваул росу).

СИЛДИСЕЗУЛ АХИРИСЕБ МАГЪАЛО[281]

Нижер росулъа бакIарун магъало Къедиб кьеялъулги буго цо гьадинаб бицен. Гьеб магъало жидеца бакIарулел гIадамал аварагасул наслуялъул, нилъер мухъалда Ислам тIибитIизабизе рачIарал ва Къеди рештIарал рукIанила. Шамилил заманалъ нижер цо-цо гIадамал лъугьанила жал имамасул гIадлуялда чIезе ругин, гьеб магъалоги жидацо кьезе гьечIин. Къедиса рачIарал гьеб бакIарулел чагIазулгун дагIба ккезеги рекIун, нижер жамагIаталъ маслихIат гьабун бугила ва росдахъаго бакIаризе кколеб магъалоялда цебеса гьезухъ цо меседалъ къачIараб туманкI кьун бугила, къедиселги босун гьебгун тIад руссун ун ругила. Гьелда рази гьечIев лъабго силдисев: Гунашил МухIамад, Денгал МухIамад ва СагитмухIамад ун ругила гьезда хадур ва гьезухъаги бахъун гьеб туманкI кьурулъги кьабун гъурун цо кIкIалахъа бехе рехун бугила. Гьелдалъун гьеб магъало кьеялъул ишги къотIун бугила. (Силдиса Насибица бицана. Кироваул росу).

КЪЕДИСА ГIАЛИХАНИЛ НАСЛУ[282]

Цебе заманалъ Къеди рештIине рачIун руго Хунзахъа ханзабазул чагIи Алдам ва ГIалихан абун кIиго вац. Цо заманалдаса ГIалихан магIардасан вачIун Гьакъо щун вуго ва гIумру гьабун гьанив чIун вуго. Гьесул наслуялъул гIадамал руго нижер хъизанги, Халикъилал, Пирбудагъилал ва ГIамирханилалги. Нижеда нуцабазул чагIиян абула, Суракъатилалинги абула. Цо-цо ниж рокьулареца гьеб суризеги гьабула, капурав, квешав чи вукIун вугин гьеван. Гьелго нуцабазул гIадамал руго Силди ругел Хъазиял абулел чагIиги. Умумулъа тIадего цо-цаде тIаде-гъоркье щолел рукIарал нижер гIагарал чагIи руго Къедиса ХIадисил ва АмирхIамзалал, Алдамилал, ГIалисултанилал, Малачилал.
Цо заманалъ Къеди базар букIанинги бицунаан нижер умумуз. Гъоркьа эхеде хьиндалал, чIамалал-багвалалги, тIаса гъоркье нилъер эхедемухъалъул гIадамалги, чачанал-гуржиялги данделъулаанила гьенир даран-базаралъе. (Гьакъоса Хъазанатил МухIамадица бицана. (92 с).

САСИКЬА МЕСЕДО-БИКА[283]

Сасикьа Тула-ГIисал яц Меседо йикIун йиго Къедиса нуцабазул чи Чупаласда. Гьей йиго Ангъал тухумалъул Къебед МухIамадил 16 васасда гьоркьой гIурай цого-цо йигей яс. Гьебго заманалъ гьелго нуцабазул чи Сурхайида йикIун йиго Сасикьа ГIабдуразакъилазул гIадан. ЦIар лъаларо. Гьей Меседоца Чупаласе гьавун вукIун вуго ХIамзат абун вас. Гьебги букIун буго Шамил жеги имамлъун течIеб заман. Гьев Чупалав доб заманалъ нуцабазда гьоркьов рагIи билъарав чи вукIун вуго, гьединалго рукIун руго Сурхайги Алдамги.
Къедиги Сасикьги ругел нуцаби абулел чагIазул рачIараб бакI кIиго буго – Хунзахъа ва Гуржиялъа. Шамилил муридзабаца Кавуда сиялда жанив вухIун хварав Алдамил цIарги Алдамашвили букIун буго.
Гьеб сиги сверун ккун муридзаби ругеб заманалъ гьенир жанир руччабиги рукIун руго. ЦIа рекIиндал гьениса къватIире рехарал руго гьей ангъадерил Меседоги, Сурхайида йикIарай ГIабдуразакъилазул гIаданги. Гьебги гьел Къедисаги гьечIин, чIаго хутIизеги бегьулин хьулгун. Гьеб сабаблъун ГIабдуразакъилазул гIадан рекъайги лъугьун йикIун йиго. Сасикь тIад юссун хадуй гьей Хъвайни ун йиго. Гьей гIаданалъул яс йикIараб хIисаб буго ЦIумада вукIарав ИманшапигIил кIудияй эбел. Къедиса Чупаласда йикIарай, гьев чIван хадуй Сасикь ячIарай Меседо Хатил МухIамадие ун йиго.
Гьей Меседол букIун буго цо кIудияб жавгьар (бриллиант) тIад лъураб баргъич. Сардилъ гьелъул канлъухъе бессунаанила гьелъ ххам. Гьелъул эмен Къебед-МухIамадги бергьун кверзул махшел бугев, ярагъгицин жинца гьабулев къебед вукIун вуго. (Сасикьа Сайпудинил ГIусманица бицана).

СУРХАЙ НАИБ ВА СИЛДИСЕЛ[284]

Дида дир инсуца бицана, Шамилил заманалъ нилъер мухъалда наиблъун вукIарав Къедиса нуцабазул чи Сурхайица ритIун гIадамалгун силдисезухъа ярагъ бахъун бугин. Гьеб зулмуялъул бицун гьез бачIараб гIарзалъул хал гьабизе ва Сурхайие тамихI гьабизе ритIарал рукIун ругин имамас муридзаби Къеди. Гьебги лъан, жиндирго хъизан-лъималги рачун чачаналъе лъутарав Сурхай, хадур рачIарал муридзабаз кквезеги ккун чIван вугин. Къедиги гьез нуцабазулин абулевщинав чи цоял рухIун, цоял чIван тIагIинарун ругин.
Цоги инсуца бицунаан, гIурусазул пачаяс виччан хIежалде унев Шамилица цо жинда данд чIвазе рачIарал гIадамазда абун бугин, жиндир муридзабаца Къеди гьабураб вахIшилъиялда цIакъ ракI бухIун вукIунин жив, гьел гIадамазда гьарейин кин букIаниги жинда тIаса лъугьайин. (Даитилазул ИсрагIилица бицана. ЦIияб Сасикь).

ГЬАНИСА-ДОБАСА…

- ГIахьвахъ районалъул ЦIобокьисезги (гьанже Герзели чIарал) абула Къеди росу жидехъа арал гIадамаз гIуцIцIараб бугин. (Генусез бицана).
- Шамилил муридзабаз къедисел чIвана ва гьезул минаби рухIана 1844 соналъул ноябрь моцIалъ[285].
- КIкIаратIисезул буго бицен, цебе заманалъ ЦIунтIа ва ЦIумада районалъул мугIруздаса рачIарал гIадамазул лъугьарал ругин жал абун[286].
- Асир гьарурал ва лагълъиялда ругел тушал гIемер рукIун руго Ункъракьалъул росабалъ. РукIун руго гьединго гуржиялги гIурусалги. Гьел нахъе риччаялъул багьаги 19 гIасруялъ 50-60 гъурущ букIун буго. Гуржиялги гIурусалги гьеб гIарцухъ бигьаго эркен гьарулел рукIун руго, амма тушал къанагIатго гурони риччалел рукIун гьечIо[287].
- Къеди гIадин Хъваршиги рукIун руго Хунзахъа рачIарал нуцабазул чагIи. Жидер би бацIцIадал, къадру бугел гIадамал ругин абун гьезул би хIалтIизабулеб букIун буго тохтурзабаз, захIматаб, жиндие цоги дару гьечIеб унти сах гьабизе[288].
- Хунзахъа Ункъракьалде рачIун руго (нуцабазул) анкьго вац. КIудияб Росулъ (Къеди) рештIун вуго Нуцалхан (Алдам), Сасикь – МахIмуд, Сильди – Арсланбег, Гьакъо – ГIалихан…[289]
Авторасул баян: Цебезаманалъ гьакъосез ва цогидал Ункъракьалъул росабазул гIадамаз Къеди росдада КIудияб Росу ян абулеб букIун буго.
- Хунзахъа ханзабаз жидеда гъоркь ругел росабалъа магъало бахъулеб букIун буго щибаб цIа бакулеб гъансито рикIкIун. Цо рокъоб жаниб гьединаб гъансито чанго бугони ва щибалда жаниб рахъуги батани, гьеб жиб-жибалда тIад магъало лъолеб букIун буго[290].
- ЧIамалазул жамагIатазде Хунзахъа ханасул кагъат: «Гуржиялъе давлаялде унел къукъабазе (нужер ракьалдасан)гьенире ине квал-квал гьабе ва гьукъе, гьелъухъ дица нужее лъикIаб мухь кьела»[291].
- Хунзахъез Къеди росдал хIакъалъулъ абулеб букIун буго: «Къадалъаги нах баккулеб Къеди росу», - ян[292].
- 1844 соналъ къедисел чIваялъе ва росу бухIиялъе бетIерлъи Шамилил щив наибас гьабураб цIехолаго дида батана цо гьадинаб баян: «Шамилил наиб ГIаличулаца Къеди-Сасикь рукIарал киналго нуцаби тIагIинаруна»[293].
- 1830 абилел соназул байбихьуда гIурус пачаясул гинарал Клюки Фон Клугенауца хъван буго: «…Къедиги Сасикьги ругел нуцабазе бокьун буго гIурус хIукуматалъул тIалъи гьезул ракьалдаги щвезе ва гьелдалъун гьениб жидер ханлъиги щулалъизе», - ян. Гьеб хъвай-хъвагIаялъе баян кьолаго тарихчи Хашаевас абулеб буго, нуцабазул гьединаб мурад букIиналъе гIилла бугила гьезда лъалеб букIин, гIемер кватIичIого Шамилил наибзабаз жал тIагIинаризе рукIин ва жидер буголъиги бахъизе букIин[294].
- Тарихчи Хашаевас хъвалеб буго, 1953 соналъ 70 сон жиндир гIумруялъул бугев Къедиса ГIусманов ГIабасица бицанила жидеда Къеди росулъ бакьулъ гьабсагIаталъги ругин «алдамилалин» жидеда абулел къедиса ахирисел нуцабазул минабазул хутIелал. Бугеб биценалда рекъон гьев Алдам хундерил нуцабазул наслуялъул анкьабилев вас вукIун вугин. Гьебго районалдаса Хъарагиши абун цIар бугев цо кIудияв чиясги бицанила жив Къеди рукIарал хундерил ханзабазул наслуялъул чи вугин, гьеб наслуялда цIарги «гIалихъиличилал» бугин.
- Хашаевас жеги хъвалеб буго, батIиял мацIазул гIадамал багвалаздаги, тIиндисездаги, чIамалаздаги гьоркьор, Ункъракь абун магIарул цIар бугеб бакIалда цадахъго магIарулазул 8 росу щай ва киса бугеб цIех-рех гьабулаго лъанила гьел гIадамал хундерил росабалъа рачIун гьенир чIарал рукIин ва гьел киназго жидеца пайда босулеб ракьалъул магъало Къедиса бегзабазе кьолеб букIараблъиги. Абизе бегьулин гьеб ракь Хунзахъа магIарул ханзабаз лъихъан бугониги бахъун батилин ва гьенив чIезе жидер рукъалъул чиги витIун вугин.
- ГIурус пачаясул гинарал Клюки фон Клугенауяс 1839 соналъ гьаруралхъвай-хъвагIаязда жаниб буго, 1837 соналъ тушазул 3 росу хъамал гьабураб магIарулазул къукъаялъе бетIерлъи гьабунила Ункъракьалда квершел жидехъ бугел нуцаби АмирхIамзаца ва Малачица. Гьел росабаз гьезие магъало кьолеб букIанила (Амало, Шенако, Дикло). «Сасикь, Къеди ва Сильди росабиги гьез жал бетIергьаналлъун рикIкIула, щайгурелъул гьеб ракь гьезул букIиналъ ва, гьединлъидал, гьел росабазул щибаб рукъалдаса гьез щибаб лъагIалие цо чахъуги, цо къали тIорщалилги, лъабго къо хIалтIулги босула».
- Гъазигъумекисезул ханлъи тIад бугеб заманалъ Къеди, Гьакъо, Сильди, Сасикь росабаз гьезие лъагIа-лъагIалие кьолеб букIана къо-къо чахъу ва магIарда ругел гIиязул (щибаб рехъадаса) цо-цо хухги[295].
- «…Абумуслимил аскараз мутIигI гьаруна гьезул росаби, рахъана шагьарал ва гIадамазда босизабуна Ислам. Цинги гьел рахана мугIрузде – Авариялде (Хунзахъе). Аваразул хан Байар, Суракъатил вас, нуцалин жинда абулев, жиндирго богун, гIагарлъи-хъизангун лъутана гьесул ханлъиялда гъоркь букIараб Туш мухъалде[296].
Авторасул баян: Кавказалъул тарих лъазабулел цо-цо тарихчагIазул пикруялда рекъон, Абумуслимил аскараздаса къун хадув гьев Байар лъутун араб ва рештIун вукIараб бакI буго Тушетиялъулги Дагъистаналъулги гIорхъода жиб бугеб Къеди росу. Гьаб иш ккараб заманги буго 14 гIасруялъул тIоцебесеб бащалъи.
- «Бугеб биценалда рекъон, хундерил ханзабазул чи Байсар, цо рагъулъ къун хадув, жиндирго хутIараб аскаргун Ункъракьалде лъутула ва гIумру гьабун Къеди чIола. Аскар цадахъ букIиналъ гьесда кIола гьениб гъоркь рукIарал гIадамал мутIигI гьаризе ва гьезул ракьазда тIад квершел гьабизе»[297].
- «Цо заманалдаса гьев, жиндие нагIана батаяв Суракъатил вас Байар аббасил вас ГIамирсултаница, жинда нуцалин абулев ва Исламалдаса лъутун капурзабазухъ жив арав цинги гIумру гьабун Тушалъги вукIарав, жиндир боялда гьарана инсул бакIалде тIад вуссине кумек ва ЦIунтIаса байбихьараб ГIариштIи(?) щвезегIан аскIарги бакIарун сардилъ балъго Хунзахъе вачIана ва гьенир рукIарал мунафикъзабазул кумекалдалъун (Абумуслимица гьенив амирлъун тун вукIарав) ГIамирахIмад чIвана. Гьединго гьез чIвана гьенир рукIарал цогидал бусурзабиги. Гьедин жиндир инсул ханлъиги бахъун гьев тахида рештIана, цересел гьесул умумул рештIун рукIараб гIадин»[298].
- «Тушаз абула жал Дагъистаналдасаги, Чачаналъаги, Гуржиялъаги рачIарал гIадамазул лъугьарал ругин»[299].
- Дагъистаналда тIад бищун ахиралда жидеца Ислам босарал чагIи руго цIунтIал. 18 гIасруялъул ахир, 19 гIасруялъул байбихьи[300].
- 1844 соналъул цо документалда жанив Къедиса Алдамашвили вихьизавун вуго Дагъистаналъул БакътIерхьул рахъалда бугеб Гьаквари мухъалъул росабазул, жидеда гьоркьор Кьохъ ва Сильди росабиги ругеб цолъиялъул кIудиявлъунги, Къиялъ ва Къеди росабазул бетIергьанлъунги[301].

КЪЕДИСА ХIАЖИЯСУЛ ХIАМЗАТИЦА БИЦАНА. 69 сон. Бабаюрт.

Шамилил муридзабаз Къеди росу кIиго нухалъ бухIун бугин бицунаан дир кIудияй эбелалъ. ТIоцебе гьез гьелда цIа лъун буго Игъадахъ магIарда рукIарал оцал сабаблъун. Гьел бодуе хъвезе кьечIин абун.

ГЬАКЪО ВА СИЛЬДИ РАЧIАРАЛ КЪЕДИСЕЛ[302]

Доб Шамилил Имамат бугеб заманалъ гьесул боги бачIун Къеди рукIарал нуцабазул чагIи гъурулелъул гьениса лъутун лъабго вац ворчIун вуго. Цояв, ГIалихан абун цIар бугев вачIун вуго Гьакъо, кIиабилев – Хъази - Силди, лъабабилев – МухIамадхан Къедивго чIун вугинги абула. Гьев кIиявго чиясдаса лъугьарал лъикIаланго гIадамал руго Гьакъоги Силдиги. Нижер гьаниб бугеб биценалда рекъон, гьел росаби руго кIиабизе ва лъабабизе рарал. Цо заманалъ гьаб кинабго ракь гуржиязухъги букIун буго. Нилъер чагIазулгун ккарал рагъазулъ къурал гьел гьаниса нахъе ун руго. Гьездаса хадур гьанир рукIун руго гьидерил гIадамал. Цинги рачIарал руго Хунзахъа ва цоги-цоги бакIаздаса магIарулал. Нижехъ цоги бицен буго ТIиндал Къедисезда тIаде кIанцIиялъулги. ХIисаб гьабидал, гьеб иш ккун букIине бегьула Шамилил заманалдасаги цебе. (Гьакъоса МухIамадил вас ГъазимухIамадица бицана. (88 с) Кироваул росу).

ДОКУМЕНТ. (ГIага-шагар 1700 - 1740 сонал).
(Тарихчи Т. Айтберовасда батараб ва гьес гIарабалдаса гIурусалде буссинабураб)

ТIИНДИСЕЗУЛ ВА КIКIАРАЛАЗУЛ КЪОТIИ

Гьаб буго хадусел заманазе бугеб бичIчIизаби.
ТIиндисезул ва кIкIаралазул боязул гьитIинасги кIудиясги къотIи гьабуна рохелалъеги къварилъиялъеги кидаго цо бо гIадин цадахъ рукIине ва ратIалъунгутIизе гьоркьоб чIвай-хъвей кканиги, питна-рагъ сабаблъуниги.
Гьезда гьоркьоб бугони налъи, жиндие гьоболас нугIлъи гьабураб яги живго налъулав мукIураб, гьелда ишкиль[303] гьабизе гьечIо. Налъи бахъине буго росдал гIадаталда рекъон гIелги витIун. Лъица бугониги ишкиль гьабуни, гьесухъа кIиго чахъдал багьаяб куй гIакIаялъе бахъине буго.
Жеги гьез къотIи гьабуна, Къеди ва Сасикь ругел бегзабазул рижи гьоркьоб къотIани, Сасикь бакI тIиндисезул боялъе букIине. Къедиги, Гьакъоги, Силдиги кIкIаралазе букIине, гьел бегзабазул рижи гьоркьоб къотIани.
Гьел боязул цояб жиндиего бокьун цогидалдаса батIалъани, гьеб тIоцебе батIалъараб боялда тIад 70 гIака гIакIа лъезе ва гьеб кьезе цогидаб, жиб батIалъичIеб боялъе.
Гьаб къотIиялъе нугIзал:
КIкIаратIисезул къади – ТIитIалав.
Гьал рагIаби жинца хъварав тIиндисезул къади – ХIажимухIамадгIали.
ГIанчихъазул къади – ТIабакIилав.
ТIиндисел:
ХIажи Абубакар, ИхакIул вас МухIамад, МухIамад Гъванка, ХIажиясул вас МухIамад, ГIанджулав ва ТIлубул вас МухIамад.
КIкIаратIисел:
Малачи, Кьуру, Юсуп ва ИсмагIилил КъурбанмухIамад.
ГIанчихъал:
ХхинтIар, ИсмагIил, Турач, МукIушилав, Хъатулалилав.
Гьакварисезул къади – ГIарчоса Шамхал.
Къедиса ГIИСАЛ ГIАЛИ ва цогидалги. (ГIурусалдаса буссинабуна И. Гъ.)

ЖИДЕР МУГIРУЛ ТIАД РУССИЗАРЕЯН АБУН, ГIУРУСАЗУЛ ХIУКУМАТАЛДЕ КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ НАСЛАБАЗ ХЪВАРАБ КАГЪАТ
1871 сон.

КIудияв Пачаясухъе. Шамилица ва гьесул наибаз чIвана нижер умумул, вацазул ва гIагарлъиялъул балугълъиялъул гIужалде вахаравшинав чи, бахъана боцIи-мал, къватIи къотIана мина-милкалдаса ва гьел рихизаруна. Аллагьасул кумекалдалъун гьеб зулму нижеда тIаса ана, ниж нижерго рукъзабахъе руссана ва нижерго ракьалъул бетIергьабилъунги рахъана, амма, кинниги, нижер мугIрул жеги нижехъе тIад руссинарун гьечIо. Нижее гьел мугIруздаса ясахъ кьолев чиги гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ нижеца цебеккунги хIакимзабазухъе хъван букIана, амма жеги гьеб суал тIубан гьечIо.
Гьединлъидал хъвалеб буго духъе, нижер умумузул ракьал нижехъе тIад руссизареян гьаригун[304]. (ГIурусалдаса буссинабуна И. Гъ.)

1871 СОНАЛЪ РОССИЯЛЪУЛ ХIУКУМАТАЛДЕ КЪЕДИСА НУЦАБАЗУЛ ЧИ АЛДАМИШВИЛИЦА (ФАМИЛИЯ) ХЪВАРАБ КАГЪАТАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ТАРИХАЛДА БУГЕБ БАЯН[305].

ГIанди мухъалъул Къеди росдал нуцабаз гьарулеб буго, Шамилил наибзабаз гьезухъа бахъараб ракьги мугIрулги тIад руссинареян.
Гьел нуцабазул наслуялда цIар буго Алдамилал. Къеди гьел рачIун руго ГIарабиялдаса. Буго цоги бицен гьел Гуржиязул Каралал абулел ханзабазул чагIи ругин. 1844 соналде щвезегIан гьезие бокьун букIинчIо Шамилил хIакимлъи къабул гьабизе ва гьединлъидал гьез гьесул гъазаваталъул рахъги кквечIо. Гьеб соналъ гьезие тамихI гьабизелъун Шамилица Къеди росу сверун ккуна ва цIикIарасел къедисел чIвана, гьезул ракьги мугIрулги байтулманалде руссинаруна (имамасул буголъилъун гьабуна). Дагъистан Россиялъе мутIигIлъун хадуб гьеб ракь пачалихъалъул хазинаялде босун букIана, гьединлъидал Къедиса бегзабазул лъималаз (цебеккунги) гьарун букIана гьел ракьал тIад руссинареян. Гьезул гьеб гьари къабул гьабун букIинчIо, амма гьезие, Кавказалда бугеб гIурус армиялъул кIудиясул кумекчияс 1865 соналъул 22 февралалъ бахъараб №294 бихьизабиялда рекъон изну кьун букIана, гьел мугIрузде цогидал росабазул гIи биччан бачIунеб 24 гъурущ ясахъ жидеего босине, гьедин босараб кинабго гIарцул къадар 200 гъурущалде бахинегIан заманалъ.
Къедиса нуцаби рукIана муридазул ишазде данде чIарал ва Дагъистан мутIигIлъараб къоялдаса нахъе хIукуматалдехун жидер божилъи бихьизабурал, хасго гьеб мухъалда 1871 соналъул хаслихъе букIараб багъа-бачариялде данде рахъиялдалъун. Гьединго хъачIаб гьава-бакъалъул ракь букIин сабаблъун боцIуе кваназе гIураб гIалах гьечIолъиялъ къедисел мискин рукIиналъги, Дагъистаналъул хIукуматалъ битIараблъун рикIкIунеб буго гьеб ракь гьел нуцабазухъ тIад буссинаби.
Гьаб кагъаталъе бачIараб жаваб:
Дагъистан областалъул кIудиясда тIад къазе Къедиса нуцаби ракьалдалъун хьезариялъул иш хасаб бихьизабиялдалъун тIубазе.

АВТОРАСУЛ БАЯН: Гьаб кагъаталда ва цоги тарихалда ругел баяназда мугъчIвайги гьабун, тарихчи Хашаевас жиндирго «Феодальные отношения в Дагестане» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Къедиги Сасикьги гIумру гьабун рукIана Эчеда ва Гьиндуха мегIералъул бетIергьаби, Алдамилалин жидеда абулел нуцаби», - ян.

1837 СОНАЛЪ ТУШЕТИЯЛЪУЛ ДИКЛО ВА ШЕНАКIО РОСАБАЗДЕ ТIАДЕ МАГIАРУЛАЛ КIАНЦIИ

Россиялъул доб заманалъ букIараб хIукуматалъул хъвай-хъвагIаязда бихьизабун буго магIарулазул гьеб аскаралда чанго азар чи вукIанин, «Гьеб аскаралда гьоркьор тушазул мадугьалзаби гурелги магIаруллъиялъул цоги-цоги росабалъаги гIадамал рукIана, жал Шамилие мутIигIлъулел», - ан хъван буго гьениб. Гьеб тушазул ракьалда тIад гIурусаз тун вукIарав хIаким Чолокаевас бицунеб буго, живгун кIалъалаго гьел магIарулаз абунин, жал имам Шамилил бихьизабиялда рекъон рачIарал ругин гьениреян. Гьеб тIаде кIанцIиялъул хIасилалда тушазе ккарал камиязул хIакъалъулъги буго гьадинаб баян: чIван руго 37 бихьинчи ва 10 чIужугIадан, асир гьарун руго 17 чи бихьиназул ва 75 чи руччабазул. Гьел росабиги сверун ккун ругеб заманалда жаниб магIарулаз хъун ва кванан буго 690 бетIер чIегIерхIайван, 460 чахъу гIиял, нахъе унаго бикъун буго 90 чу-гIорцIен ва цогидаб къайи-матахI[306].
1846 соналъ Тифлисалда къватIиб биччараб «Кавказ» казияталда бахъараб, гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ И.Д. Цискаревас хъвараб макъалаялда бицунеб буго, магIарулазул бо тIаде щвелалде цеве Дикло росулъеги вачIун цо цIунтIаса чияс абун бугила, жив вугин дидо ва киналго дидоязе (цIунтIасазе) нижеего гIадин бокьун бугин нужги ракълилаб гIумруялда рукIине, амма кватIичIого нужеда тIаде бачIине бегьулеб баллагь нахъе чIвазе жидеда кIоларила. «Нужеда цIакъ цин бахъун вуго Алдами. Хехлъи гьабун гьеб талихIкъосиналдаса рорчIине гIамал гьабе, гьабичIони нужеда лъалелде цидалаб цIиркъ гIадин гьев тIаде кIанцIизе вуго ва гьал нужер минаби гамачI гамачIалда течIого рихизе руго, руччаби-ясазул гъарабашал гьаризе руго. Нужер бугеб къуваталдаги бахIарчилъиялдаги ракI чIун рукIунге – Дагъистаналдасаго бакIарараб къуваталда данде чIун нужехъа бажаруларо».
Тушазул гьел росаби хъамал гьаризе ун вукIун вуго Къедиса нуцалчи, цIунтIасес бицухъе «цидалаб цIиркъ», АмирхIамза Алдамишвили ва гьевгун цадахъ гьесулго рукъалъул чи Малачиги. Гьедин бихьизабун буго 1839 соналъ гIурусазул гинарал Клюки фон Клугенауяс гьабураб хъвай-хъвагIаялда жаниб.
АВТОРАСУЛ БАЯН: ГIурусазул тарихчагIазги хIукуматалъул хIалтIухъабазги гьеб заманалъ ва гьелдаса хадусел соназ гьарурал хъвай-хъвагIаязда рехсолев Алдамиги Алдамишвилиги, дир хIисабалда, чиясул цIар гуребги фамилияги буго. Тарихалда гьеб фамилиялда гъоркь рехсон руго Къедиса нуцабазул рукъалъул гIемерисел бихьинал.
Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ хъвалаго Цискаревас жиндир макъалаялда жаниб абулеб буго, гьелда цебесеб сон Дагъистаналъул ва гуржиязул мугIрузда букIанин хъарцинаб, хурул бачIин цIакъ дагьаб, гьеб гIиллаялдалъун гIадамал ракъараб. «Жиндие цо ишалдаса щвезе бегьулеб жоялъул хIисаб гьабулаго гIалхулав магIарулав урхъун гъира-шавкъалда вукIуна гьелда тIалъи гьабизе щвеялда. КIиго бутIалъ вачуна гьев хIикматал гьунарал гьариялдеги: рецIел босизе бокьиялъ ва гьелдалъун жиндие бугеб хайиралъ. Чабхъад хьвадулел эркенал магIарулазда гьоркьов бищунго жоялдаса нахъе къаларев, рагъулъги жив киназдасаго бахIарчияв Алдамил къимат Дагъистаналъго гьабулаан ва гьединлъидал, авлахъазул ракълилал росабазде тIаде магIарулаз гьарурал чанги битI ккараб чабхъеналъе бетIерлъиги гьес гьабуна. Мадугьалзабазде тIаде кIанцIиял гьариялдалъун мугIрузул ракьалъул мискинаб бачIин гьездаги жидедаги гьоркьоб хвалчаца бикьулел рукIин гуро тIокIаб иш жидеда лъаларел цогидал магIарулалго гIадин гьевги гьеб ракъул соналъ мискин вукIана. Гуржиялъ, Дагъистаналъул гIорхъода бугеб Чагъали мухъалъул тушазул бечедал Дикло ва ШенакIо росабиги цогидаб сверухълъиго гIадин хурукълъиялъ зарал ккарал рукIана, гьединлъидал гьеб соналъ мадугьалзабазе кьезе кколеб магъало кьечIого чIана. Гьеб иш сабаблъун ва цебеккунги жиндир гьезда цин букIарав Алдамиги гьездаса рецIел босине гIедегIана.
Алдами вачIунев вугин абун бицине щварав цIунтIасесул хабаралъ тушазда гьоркьоб риха-хочи ккезабуна. ГIолохъаби чIана рагъизе ругин, кIудияз абуна, дагьалго гIадамазул пайда гьечIеб бахIарчилъиялъ нилъер лъимал хъизан балагьалдаса цIунуларин. Нилъер сиязул къадазги нилъ тушманасул хвалчадаса цIунаниги, гьелги сверун ккун гIемераб заманалъ гьев чIанани, ракъиялъулги квачалъулги кумекалдалъун гьесул кодоре рачуна, цинги ккезе бегьулеб жоги нужеда лъала! РукIана цоги гIадамал жидеца абулел, магIарулазул тIалабги тIубазабун гьезие къваригIараб жо кьезе рачIайин, тIоцебе рес ккарабго гIазул мугIруздасан Кахетиялдеги ун гьелда бащадаб жоги дора ругезухъа бахъун нилъги рачIилин. Гьеб пикру цогидаздаса бергьана ва: - «Биччанте Аллагьас хъвараб лъугьине!» - янги ахIун тушал жидерго кашишасда хаду-хадур гурхIелалъул къурбан хъвезе гьатIаналде ана».
МагIарулазул тIалаб диклосез тIубазабун буго, кьун буго боцIиги гъоркьлъалие 16 жидерго цевехъанги ва гьабураб къотIи щула гьабизелъун, бугеб гIадаталда рекъон хисун цоцазе кьун руго гулбиги. Гьел божун рукIун руго магIарулал гIадаталда рекъон чIелин ва нахъе инин. Амма магIарулазул боялда гьоркьоб разилъи гьечIолъи баккула. Цискаревас гьадин хъвалеб буго гьелъул хIакъалъулъги:
«Алдамил боязда гьоркьоб хабар тIибитIула, жидее гьаб ярагъ умумуца ирс гьабун кьун бугин гьелдалъун бетIербахъи гьабизеги бахIарчияб цIар босинеги. «Аллагьасда лъала гьал диклосел къварид гьаризе нижее бокьун букIичIолъи, амма гьанир щвезегIанги рачIун цохIо чахъабиги рачун нахъеги кин инел, цогIаги нухалъ туманкIги кьвагьичIого, цогIаги чиги асир гьавичIого. Рагъизе ккечIеб гIумру ниже гIумру гуро!» Алдамиги пикрабалъ вукIана. КIиго асар букIана гьесул рекIелъ цояб цоялдаса бергьинелъун къеркьолеб: гъарачилъиялъулги кьураб рагIи цIуниялъул тIадегIанлъиялъулги. Ахирги боязда гьоркьоб багъарараб разилъи гьечIолъиялъул кумекалдалъун гъарачилъиялъ тIалъи босана. Бечедаб тушазул росдал нахъе хутIараб жо букIана чIваднал, чIаго хутIарал гIадамал рачун ана асирлъуде.
Диклоги чIунтизабун магIарулазул бо ШенакIо росулъе бачIана, амма жидерго сиязда жанир рахчарал шенакIосез чанго къоялъ гьезул гьужум нахъе чIвана. КватIичIого тIаде щварал Телавиялдаса милицазги тушазул цоги-цоги бакIалдаса бачIараб ахIиялъги магIарулазул бо биха-хочизе гьабуна, хадуб лъугьараб гIурусазул армиялъги гьезие гIураб зарал гьабуна».

КЪЕДИСА НАСРУДИНИЛ ПИСИРХАНИЦА БИЦАНА. (83 сон)

Дида лъалеб цо биценалда рекъон, Шамилил муридзаби рач1индал, мацIихъабаз гьавги-гьавги абун хъван цIар кьурав Къедиса кIикъого чи, хабалазул ракьанда, садакъа гьабизе росу бакIарулеб чIахIиял ганчIал ругеб бакIалдеги ахIун, гьезда абун буго кинабго ярагъги гIодоб лъун нахъе айин. Ярагъ бахъи гуро цоги къварилъи жидее гьабизе батиларин ракIалда ккарал гьез муридзабаз малъараб гьабун буго. Амма гьел гьениса гIемер рикIкIалъизе тун гьечIо. Дора Нахъа мегъалъул байдабазда сверунги лъугьун нахъе чи течIого чIван руго. Гьел гIадамалги ханзабазул рукIанин абизе, ханзаби гьанир киса рукIинел? Бечедал, бажари бугел, рагIи билъарал гIадамал рукIун ратила, жидеца жахIдачагIазеги мацIихъабазеги рахIат толарел. Гьел гьединал рукIинч1****и, Эчеда, Гьигьалъ, Тушалъ, чачаналъ щун ракьаздаса магъало нилъер гьанибе бачIинароан.

«ТIАЛА БИХХЕ - НА ЖИБГО ТIАГIУНА»[307]

Нилъер росу чачаналъе гочинабулеб 1944 соналъул ихдал, гьитIинав ЖагIпарги, ГIумарги, ЗулхIижатги тIогьилаб унтиялъ унтун регун рукIана. Эмен рагъда вукIана. Унтараллъималги кIудияй эбелалда аскIор тун, балугълъиялъул гIужда вахарав чи дунги вачун яхъана эбел цогидал гIадамалгун цадахъ сапаралде. Ведени щведал, росулъа къватIир рахъине гIадамазул гъира бачIинабизе гIоло хIукуматалъул чагIаца рицунел рукIарал харбазда релъараб жо гьенибги батичIого, нижги, цоги нилъер 5-6 хъизанги тIад руссун Къеди рачIана. Ниж тIаде щвелалде, чIван гIорхъабигун, 7-8 росдал колхозазда гьоркьоб бикьун батана кинабго росдал ракь. Росуги гьеб заманалде цебе-цебеса биххизе байбихьун букIана. Рокъоса-рокъоре хьвадун, бокьоса-бокьоре раккун, мадараб цIехон бахъулеб букIана «цIиял хважаинзабаца» нилъер тIохаздаса рихьи-цIул. Щибаб хъизаналъул рукIарал цагъралги раччун ана, росулъа рикIкIад рукIиналъухъ балагьичIого, мугIрузда, гIалахазда ругел кулабигицин риххана. ГIемерал хIамулги кьолон, гьезул читIирги гьабун ана цо къоялъ цо гIадамал Чалахо ва, биххун Чинчарал кулигун, рохьоса гIадин цIулал хIамулги цIун нахъеги рачIана. Кьо базе къваригIарасги гьедин ана, мина къачIалесги гьедин гьабуна. Къокъабго заманалда жаниб, цохIо нижерги, нижгун цадахъ Ведениса тIад буссараб чанго хъизаналъулги гурони тIекъараб бакI росулъ хутIичIо. Рачун хIукуматалъул чагIиги аскIор чIезарун, жанир ниж рукIадгоги хIал бихьана гьез нижерги мина-мирк биххизе. «Цин тIала биххе – на жибго тIагIуна», - ян абун бугин гьезул цоясин букIана бицен.
Беразда канлъиги бихьуларев херав чи вукIана Исрапил эмен ГIали гьеб заманалъ. ГьитIинав Загъалдибир вукIана гьесда аскIов гьесие хъулухъги гьабун. Агъвалиса районалъул прокурорги ахIун лъугьун вуго цояв гьесул рукъалдаса чIалаби рахъине. Гьенив вегун вукIарав ГIалица Загъалдибирасда абун буго: «Гьанив дида кквезавецин гьев, дица гьабила гьесие!» - ян. НатIалъ халатаб, квералъ гIебаб ханжар букIунаан гьесухъ кидаго борчун. Къедисезул чанго хъизан Къеди хутIи бадиб къараб кьо гIадин рихун букIана гьел гIадамазе ва гIемер хIал бихьана ниж гьаниса нахъе инаризе. Бекьизе, бецине ракь кьоларого, боцIи хьихьине толарого. Жиб-жиб гIалахалда лъаб-лъаб къо букIана нижер боцIуе кваназе бихьизабун. Ункъабилеб къоялъги гьенирго ани, хадур гьабиги гъун хъамун росулъе рачIунаан гьел. Колхозалдеги росичIого, колхозчагIазе гурони ракь кколарин абун чIезарун рукIана чанго соналъ. Нижго гIадин гочинчIого Гьакъо хутIарай Гьакъоса ЧIегIерай Чакарие, цее тIурай, лебалайхIалтIухъан йигин абун, Къеди Бурзи хIархьидаса букIана хур кьун. Гьей гъарин гьелъие хъулухъ гьабизе Гьакъоса яхъун Къеди хьвадулаан. Гьедин инжит гьаруна гIадамал доб заманалъул тIадчагIаз. Гьеб хIалалда, ракъунги-къечонги бана цо чанго сон. Ургьи тIоледухъ колхозалъе хIалтIун гурони гIураб кваназе жо щвезе рес нижер гьел соназ букIинчIо. Нижедасаги квеш гочун Ведени аралги рукIун руго. Гьелдаги тIаде гьезул росулъ хутIараб щинаб жоги пана-пасалъана. (КЪЕДИСА НАСРУДИНИЛ ПИСИРХАНИЦА БИЦАНА. (83 сон).


ЛЪУГIИ ГЬЕЧIЕБ РОКЬУЛ КЪЕЦ[308]

Цо рокъоб жаниб кIиго вацасда гьоркьобгицин букIунеб дагIба-къец кIиго мадугьаласда гьоркьоб гьечIого букIунаро. Цояб хер сабаблъун, цояб хур сабаблъун, цогидаб нух сабаблъун. Цо кIкIалахъ, цо лъарамухъалда мугъги чехьги гIадин аскIоб бугеб кIиго росдада гьоркьобги гьеб мунагь камилищха. Гьелда релъараб гIиси-бикъинаб «рокьул» къец гуреб, цоги цоцадехун тушманлъи гьабизе ккараб гIадинаб гIузро я къедисезул яги сасикьезул дида рагIичIо. Амма гурхIел-рахIмуялъул, рокьи-хинлъиялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул мисалал гIемер руго. Цоцалъе гIагарлъи гьечIеб, гьоркьоб ригьин-гьоболлъи гьабичIеб рукъги къанагIат буго. Кинниги, гIайибазулги мунагьазулги гурони, лъикIал рахъазул хIисаб гIадамаца гьабуларелъул, дида бичIулеб къагIидаялъ гьаниб бицун тела цо-цо гьел гIайибазулги гьезие ругел гIиллабазулги.
Нижехъ бицен бугеб жо буго Къеди ханзаби рукIиналъул, гьез сверухъ ругел росабазул, хасго Сасикьа мискинзаби къварид гьариялъул. Гьедин букIун батизеги бегьула, щайгурелъул ханзабаз жал ругеб бакIалда тIад ханлъи гьабичIого толаро. Сасикьел загIиплъараб, вабаъ унтиялъ хун гIадамал дагьлъараб заманалъ къедисеца гьезул ракьал ккун ругинги абула нижер кIудиял чагIаз. Гьедин ккураб бугила Чуралбакъде щвезегIан ГьитIинарохьалъул мегIерги майданги. БукIанищ гьеб гьедин яги букIинчIищ Аллагьасда гурони гьанже лъалеб батиларо, амма гьелъул бицунезда дица кидаго абула, гьедин батани, гьеб ракьалъул цогIаги рахъалда, бакIалда щай Сасикьа гIадамазул цIар гьечIеб ан? Щай абулареб Суратил хурин, ГIумархIажил кулийин, ГIабдуразакъил хьонлъийин? Гьелъул гIаксалда гьениб Къедиса гIадамазул цIар бугеб анцIгоялдаса ц1ик1ун кулиги, хурзалги, харибакIалги щай ругелин? Гьединго буго Асалиги, Гьандабуриги, ГъарцIабалъги. Гьандабури бугеб цо «Суратил хьонлъи» абулеб бакIги гьел Суратил чагIаз жидерин яги жидеда гъварабин абулебги дида рагIичIо.
Къедисезулги сасикьезда чIвалеб гIайиб гIемерисеб хурхараб буго росу гочиналда. Жалги гочун жидер ракьалда хутIарал сасикьеца биханин росу, кулал, росун анин цагърал, гъансал ва цоги гьениб тараб, хутIараб жойин абула гьез. Ведени къедисеца бана 14-15 сон. Дир хIисабалда, гьелгощинал соназ, хIаршул гурони тIекъел тIад гьечIел рарал бакIал гIадамаца рихизегIан чIоларо магIарухъ. ДагIба гьечIо; жаниб бортараб бакIалдаса мадараб чIалу-рахи, гордал-муцIби росун ратизеги бегьула, жибго бихичIеб бихизабун букIинеги бегьула. Амма гьеб гIайиб росдадаго чIвай дица битIараблъун рикIкIунаро, щайгурелъул гьеб гьедин гьабун батаниги, гьенир дагьалго гIадамал гурони гIахьаллъизе рес гьечIо. Кинабго росуго мунагьалдасаги гIайибалдасаги хIинкъулареб букIунарелъул. Кин гьеб букIун батаниги, сасикьезда тIадаб буго баянаб жоялъегIаги къедисезда тIаса лъугьаян абизе. (ГIисал МухIамадица бицана. Сасикь – Шава).

ЦИХАЛАХЪА ШАМХАЛИЛ ВАХIИДИЦА БИЦАНА  (85 СОН)

Дир эмен вукIана Лабазанил Шамхал. Гьев Лабазанил эмен вукIанин бицула Шишхали-ХIажиясул ХIаси. Шишхали-ХIажи вукIун вуго Къиялъа гочун Къеди вачIарав ХIасил вас. Гьев ХIасидаса хадув нижер тухумалъул вукIун вуго шуго эмен жидеда ХIасиян цIар бугел.
Цихалахъ росдае кьучIчI лъеялъул хIакъалъулъ буго цо гьадинаб бицен. Цебе заманалъ кинабго Ункъракьалъул центр гIадаб бакI букIун буго Къеди росу. Гьенир чIарал нуцабазул ихтияралда гъоркь букIун буго гьеб. Силди – Гьакъо ва Эчедиса эхеда Хушети щвезегIан ракьалда тIад бетIергьанлъи букIун буго гьел къедисезул. ЧIезе бакI цIехон къватIиса рачIарал чагIи тIад магъалоги лъун гьез ритIулел рукIун руго гьеб жидер ракьалъул жеги тIад гIадамал гьечIел бакIазда гIумру гьабизе. Чи чIваялдалъун ватIан тун ине ккарал къиялазул Хьароса МахIайги ХIасиги абун кIиго вац вачIун вуго Къеди. Гьеб ишги 500-600 соналъ цебе ккун бугин абула. Нуцабаз гьезие рештине бихьизабун буго гьанже нижер росу бугеб бакI. Гьев кIиясдаго цадахъ щивасул 4-5 васги вукIун вуго. Гьездаса лъугьараб буго Цихалахъ росу. Гьединлъидал нижецагоги ва сверухъ ругел росабазул гIадамазги нижеда къиялал абула. ГьабсагIаталъги гьев ХIасилги МахIайилги тухумазул гурел батIиял гIадамал нижеда гьоркьор гьечIо. Чачаназул Шаро районалда буго цебе кули букIараб Цихалди абун бакI. Гьениса вукIун вуго дов МахIайги ХIасиги, гьедин лъураб буго нижер росдада Цихалахъ абун цIарги. 1944 соналъ росу гочизе цереккун гIагарал чагIи абун къиялал рачIунаан нижехъе.  Сверухъ цохIо магIарулал рукIиналдалъун ва гьезулгун гьоркьорлъаби, ригьнал гьариялдалъун дагь-дагьккун нижер гIадамазда къиялазул мацIги кIочон буго. Бицен буго, 1871 соналъ гьел нижеда сверухъ ругел росабазул гIадамал гочизарулаго гIурусаз Цихалахъал жалго тун ругила къиялал руго абун. 15 сон бан буго гьел гIадамаз Ставрополалда. Гьел соназ Силди-Гьакъо, кIиябго Хъваршини, Хушет росабазул ракь букIун буго нижер ихтияралда гъоркь. Чачаназул махI бугел рукIиналъ батила, дагьал гванзал рукIараб хIисаб буго нижер гIадамал. Гьоркьо-цере жидерго росабалъе тIад руссун рачIунел цо-цо гIадамал рухун-кьапун нахъеги къотIулаанила гьез.
Цебе нилъер мухъалъул гIадамаз Къеди росдада КIудияб Росу ян абулеб букIун буго. Дида лъалеб заманалъ нижехъ росасда йикIана Къедиса Нуцалай абун гIадан. Гьелъ ячун гьение ячIана Къедиса ГIаммал яс ХIалимат ва кIудияй гIедал гьей кьуна дир вацасул вас Шамхалие. Гьединго гьелъ нижехъе ячIана Шарузат абун гьевго ГIаммал цогиги гьитIинай яс. Гьей кьуна Хъваршиниса ХIусение. Цоги гIадан йикIана Къедиса ячIарай Багичо абун, нижехъа ГIабдулада.

ПРИМЕЧАНИЯ КО ВТОРОЙ ЧАСТИ:

[237] Тарихчи ШагIбан ХIапизов. «НекIсияб Къеди»,«Миллат» казият, № 6.

[238] Гьенибго.

[239] Гьанжесеб Ингушетиялда бугеб росу.

[240] МухIамад ГIариф, «Тарихи Дагъистан».

[241] ИсмагIил АмирхIамзал. «Къеди -Ункъракьалъул тахшагьар», «Миллат» казият, № 8, 2015 с.

[242] Къедиса ГIалихъиличил МухIамадкамилица бицана.

[243] Г1аличула гьеб заманалъ наиблъун вук1инч1о.

[244] «У них (у первых газиев-мусульман) был обычай назначать в каждое селение или город, которыми овладели, своего эмира или правителя (вали) и поселять часть мусульман среди тех, чтобы превзойти (числом) местных жителей». Гусейнов М. Союз сельских общин Ункратля. С. 3.

[245] Къедиса ГIалихъиличил МухIамадкамилица бицана.

[246] Къедиса ГъазимухIмадил АмирхIамзаца бицана (80 сон)

[247] Куса – магжил рас бижуларев чи.

[248] Къедиса ГъазимухIмадил АмирхIамзаца бицана (80 сон)

[249] КIияйго Къедиса Алдамил чагIазе кьун йиго. ШагIбан ХIапизов, «Миллат» казият, 2015 сон, №6.

[250] Хъайтмаз Патаг1алиев Аварскияс бицана. Хунзахъ росу, 2014 с.

[251] Къедиса АмирхIамзал МухIамадица бицана.

[252] Къедиса АмирхIамзал МухIамадица бицана.

[253] Гьесго бицана.

[254] Къедиса Аларханил Шарунабица бицана.

[255] Сасикьа Саидах1мадица (глухой) бицана.

[256] Хатил Мух1амад Шамилица Ункъракьалъул наиблъун тана Къедиса нуцаби ч1вараб 1844 соналдаса хадув. М. Гусейнов. «Союз сельских общин Ункратль».

[257] Сасикьа Саидах1мадица (глухой) бицана.

[258] Х1амузда хадуй Сурхайил ч1ужу йик1ун йиго.(Сасикьел).

[259] Къедиса ГъазимухIамадил МухIамадсултаница бицана. (83 сон). Хвана 2015 соналъ.

[260] Ц1удубусахъ – Ункъракьалъул каву.

[261] Къедиса Сурхайил АхIмадханица бицана. (80 сон). Хвана 2015 соналъ.

[262] Къедиса ИбнухIажарил Халилица бицана. (96 сон). Хвана 2013 соналъ.

[263] Гьесго бицана.

[264] Къедиса Хизрил ХIанапица 1992 соналъ бицана. (88 с.).

[265] Къедиса Хъазил МухIамадица 1992 соналъ бицана. (86 сон).

[266] Гьесго бицана.

[267] Гьесго бицана.

[268] Къедиса Халитил НурмухIамадица 1992 соналъ бицана. (87 сон).

[269] Хважак1ил Юсупил Г1умарица бицана. Шава

[270] Хважак1ил Юсупил Г1умарица бицана. Росу Шава.

[271] Гьесго бицана.

[272] Къедиса Бурашилазул Расулил Сайдарханица бицана.

[273]Къедиса ХъазилмухIамадил Завурбегица бицана.

[274] Сасикьа Хъараласул АхIмадица бицана.

[275] ХIадисил Мусал ГIаббасил Марьямица бицана. (78 с). ЦI. Хуштада.

[276] Сасикьа БацIиязул Асланбегица бицана.

[277] Сасикьа БацIиязул Асланбегица бицана.

[278] Гьесго бицана.

[279] Сасикьа АхIмаднабил СаидмухIамадица бицана. (87сон).

[280] Силдиса Насибица бицана. Кироваул росу.

[281] Гьесго бицана.

[282] Гьакъоса Хъазанатил МухIамадица бицана. (92 с).

[283] Сасикьа Сайпудинил ГIусманица бицана.

[284] Даитилазул ИсрагIилица бицана. ЦIияб Сасикь.

[285] Гьигьалъа ИманмухIамадил хъвай-хъвагIаяздаса.

[286] Тарихчи МухIамадов Р.М.

[287] Гьесулго.

[288] Гьесулго.

[289] МухIамад ХIусейнов, БагIараб Байрахъ казият, 1990 сон, 24 ноябрь.

[290] Тарихчи МухIамадов Р.М.

[291] Гьесулго.

[292] Хунзахъ Сивухъа Хъайтмаз Патаг1алиев Аварский.

[293] Рукописный фонд ДНИИИЯЛ, д. 1744. С. 76.

[294]  Х. –М . Хашаев. Феодальные отношения в Дагестане.

[295] Х. –М. Хашаев. Феодальные отношения в Дагестане. С. 265.

[296] МухIамад-Рафи. Тарихи Дагъистан.

[297] Полевой материал. РФ НИЯЛ. Ф. 1, оп. 1, ед. хр. 483, лл. 2-3.

[298] МухIамад- Г1ариф. Тарихи Дагъистан.

[299] А.М. Завадской, 1903г. С. 24

[300] Воронов, 1868. С.13.

[301] Мочульский А ч. 1, л.73, 134.

[302] Гьакъоса МухIамадил вас ГъазимухIамадица бицана. (88 с).

[303] Ишкиль – х1ал гьабун налъуласухъа жо бахъи.

[304] ЦГВИА, ф. 400, д. 45, л. 402. Перевод с арабского.

[305] ЦГВИА, ф. 400, л. 45, л. 512.

[306] Акты, 1881, т. 8. С. 609-610.

[307] 1844 соналъ росу бихана, г1емерисел г1адамал ч1вана ва гочинаруна. Бит1ун 100 соналдаса – 1944 соналъ нахъеги росу бихана, киналго г1адамал чидар ракьалде гочинаруна.

[308] ГIисал МухIамадица бицана. Сасикь - Шава.


«ПРАВИТЕЛИ УНКРАТЛЯ И КИЯЛАЛА»

ЛИТЕРАТУРА:

Историческая хроника псевдо-Джуаншера. Грузия.
М. Гусейнов. «Союз сельских общин Ункратля».
Я. З. Ахмадов: «Очерк исторической географии и этнополитического развития Чечни в XVI-XVIII веках».
Т. М. Айтберов. «Древний Хунзах и Хунзахцы».
Агларов М. А. Сельская община в Нагорном Дагестане в XVII-ХIХ вв. М., 1988.
Хапизов Ш. М. Саламеэр, Эндирей, Аух. Махачкала. 2014 г.
Гидатль: Исторические этюды. Автор: Ибрагимхалил Бутаев. Махачкала, 2013г.  Движение горцев Северо-Восточного Кавказа в 20-50 годах XIX в. Махачкала, 1959.
А.М. Завадской, 1903г.
Х. –М . Хашаев. Феодальные отношения в Дагестане.
Сулейманов Ахмад. «Топонимия Чечни».
Сигаури И.М. Указ. соч.
Айтберов Т.М. Аваро-чеченские правители из династии Турловых и их правовые памятники XVII в. Махачкала, 2006.
Ильясов Леча. Указ.соч.
Магомедов Р.М. История Дагестана. Учебное пособие. Махачкала, 1998.
Ш. М. Хапизов. «Ума-нуцал (Умахан) Великий.
Ю.Дадаев «По тропам шамилевских сражений» г.Махачкала. «Юпитер» 1997г
МухIамад ГIариф, «Тарихи Дагъистан»).
И.Д. Цискаров. "Лозы любви" Кистинское предание.
Записки Мухамада Инквачилава.
Т. М. Айтберова, «Восстание».
Воронов, 1868 г.
Мочульский А. ч. 1, л.73, 134. «Война на Кавказе и в Дагестане. 1844 г.
Х. – М. Хашаев. «Общественный строй Дагестана в 19 веке». Москва 1961 г.
Ю. Карпов. «Взгляд на горцев. Взгляд с гор»
Хашаев Х. – М. «Общественно-экономический строй Дагестана в 19 в.
«Кавказский сборник», т. 6. Тифлис, 1882.
 Политический обзор Дагестана, 1844 г.
Р. А. Фадеев. Собр. соч., т.1, ч. 1. СПб., 1889 г.
Хроники Иманмухамада Гигатлинского. XIX в.
Биографии дагестанских ученых-богословов противников имама Шамиля в изложении Али Аль-Гумуки (Каяева)
Кавказские войны России. Энциклопедия А. Куликова.
Гаджи- Али. «Сказание очевидца о Шамиле».
Асиятилов С. X. Историко-этнографические очерки хозяйства аварцев (ХIХ-пер. пол. XX вв.). Махачкала, 1967.
ИсмагIил АмирхIамзал. «Миллат» казият, № 8, 2015 с.
МухIамад ХIусейнов, БагIараб Байрахъ казият, 1990 сон, 24 ноябрь.
Магомедов Р.М. История Дагестана с древн-х времен до конца XIX в. Шахбан Хапизов. Газета «Миллат», № 6, 2015г.
Магомедгаджи Аличулав. Сайт Цумада.ру
Сайт «Кавказская политика». Блог Кавказские республики – Тиндал и Калалал.
Цискаров И. 1846 г. Газета «Кавказ».

АРХИВНЫЕ ДОКУМЕНТЫ:

ЦГВИА. Ф. 205, оп. 1, д. 132. Л. 1-2
Полевой материал. РФ НИЯЛ. Ф. 1, оп. 1, ед. хр. 483,лл. 2-3
Институт истории АН СССР, ОРФ, Б, разд. 5, д. 12, стр. 147-148.
АКАК, том 12. Тифлис, 1882.
Архив Института рукописей им. К.Кекелидзе (Республика Грузия, г.Тбилиси). Ф.ROS. Д.174. Л.122
Рукопись Амирхамзы Камилова из Сильди, к печати приготовил Т.М.Айтберов. С аварского перевел Исмаил Г. 2015 г.
ЦГВА, ф. 400, л. 45.
Письмо Шамиля из Калуги. Институт востоковедения Академии наук СССР.
Подполковник Орбелиани. Письма. М-дкамил Г1алихъиличил. Къеди.
Наиб Дибир Аварский. Письма. М-дкамил Г1алихъиличил. Къеди.
ЦГА РД. Ф. 2, оп. 3, ед. хр. 132 б. Л. 4-6.
ЦГА РД,Ф. 2. Оп. 3. Д 143-2, л. 35, 79-80, 98а. Переп-ка Намест-ка на Кавказе, 1907 г.
ЦГВИА, ф. 400, д. 45, л. 402. Письмо эмиров Кеди.
ЦГА РД. Ф. 2, он. 3, д. 1436. Л. 4-6.
Концелярия наместн. Его Импер. Велич. На Кавказе по воен. Народному управл. № 5199
ЦГА РД, ф. 2, оп. 3, д. 1436
ЦГА НКВД Дагестанской АССР. Фонд 88, опись № 1, ед. хр. 8
Предписание начальника главного штаба Каказской Армии Начальнику Терской обл. от 22 февраля 1866 года за №293
Акт комиссии полковника Герасимова от 22 сентября 1867 г. За №26.
Представление начальника Терской обл. №33384
Планы гор 1865 и 1869 гг. Терская и Дагестанская обл.
Распоряжение Главнокомандовавшего Кавказской Армией 1864 и 1867 гг. по поводу гор Индух, Игадах и Апарата
Предписание нач. терской обл. от 14-16 мая 1868 г. №2735
Рукописный фонд ДНИИИЯЛ, д. 1744, стр. 76.
Рукфонд Дагестанский научный центр. Фонд востоковедения. Материалы археографической экспедиции М. Гайдарбекрова. 1959 г.
ЦГВИА, ф. 400, л. 45, л. 512.
Акты, 1881, т. 8, с. 609-610

ПРЕДАНИЯ:

Сасикьа Г1исал Мух1амадица бицана. Шава.
Къедиса Нуцалханил ХIасбулаца бицана. (85 с.) Х1ажидада росу.
Къедиса ГIалихъиличил МухIамадкамилица бицана.
Къедиса ГъазимухIмадил АмирхIамзаца бицана. (80 сон).
Къедиса АмирхIамзал МухIамадица бицана.
Къедиса Аларханил Шарунабица бицана.
Сасикьа Ах1маднабил Саидах1мадица (глухой) бицана. Ц1ияб Сасикь.
Къедиса ГъазимухIамадил МухIамадсултаница бицана. (83 сон).
Къедиса Сурхайил АхIмадханица бицана. (80 сон). Мах1ачхъала.
Къедиса ИбнухIажарил Халилица бицана (96 сон). Аксай росу.
Къедиса Хизрил ХIанапица 1992 соналъ бицана. (88 с.).
Къедиса Хъазил МухIамадица1992 соналъ бицана. (86 сон).
Къедиса Халитил НурмухIамадица 1992 соналъ бицана. (87 сон).
Къедиса К1ушк1андилазул Хважак1ил Юсупил Г1умарица бицана. Шава.
Къедиса Расулил Сайдарханица бицана.
Къедиса ХъазилмухIамадил Завурбегица бицана.
Сасикьа Хъараласул АхIмадица бицана. Шава.
ХIадисил Мусал ГIаббасил Марьямица бицана. (78 с). ЦI. Хуштада.
Сасикьа БацIиязул Асланбегица бицана. Ц1ияб Сасикь.
Сасикьа АхIмаднабил СаидмухIамадица бицана. (87сон). Ц1ияб Сасикь.
Хунзахъ районалъул Сивухъа оциязул ГIабдулаца бицана. 82 с.
Хъваршиса гIалимчи Рекъав ГIабдулаца бицана. Бавтугъай росу.
Силдиса Насибица бицана. Кироваул.
Гьакъоса Хъазанатил МухIамадица бицана. (92 с).
Сасикьа Сайпудинил ГIусманица бицана.
Даитилазул ИсрагIилица бицана. ЦIияб Сасикь.
Къедиса ХIажиясул ХIамзатица бицана. (69с.)  Бабаюрт, Нова-Каре.
Гьакъоса МухIамадил вас ГъазимухIамадица бицана. (88 с.). Кироваул росу.


Рецензии