Ласточки на этот раз не улетят

(На аварском языке)

Нижер подъездалъуб г1емерал соназ рач1ун ч1олаан милъиршаби. Щибаб соналъ гьарулаан гьез бусаби. Анц1аза-азар километраялъ гочун рач1ун бак1 хисич1огун ч1олаан гьел. Дир нуц1ил ахакь цо бук1оналда жидерго х1анч1ил рак гъенезабуниги рокьулаан гьел х1анч1и дие, радал-бакъанида бук1унеб гьезул журч1иялъ рек1елгъей бук1унаан. Гьезул г1олел т1анч1иги берцин рихьулаан...Исана лъицаяли гьезул бусаби риххун толарогун руго...Гьале жакъаги гьаб ц1ад балеб къоялъ цояца биххараб бусал бак1алъги ч1ун г1унараб жог1адин пащманго буго гьеб пакъир...Гьанжеялде ханал лъун т1анч1и рахъун жаналда роржанхъулел рук1унаан гьенир гьайбатал милъиршаби. Х1акъ бук1инаха гьел х1анч1азе зулму гьабуразе


Рецензии