Философия жизни на аварском языке
Бекерун заман ана,
Тана гьит1инлъи нахъа.
Хирияй эбел ана,
Инсуй дуг1а ц1алана...
Балагьазул дуниял,
Мун нахъа тола буго,
Берцинаб дур т1абиг1ат
Теялда щаклъи гьеч1о.
Тела вижараб росу,
Росабалъа г1адамал,
Гъваридаб г1елму лъвина,
Т1аг1ина бук1араб лъай.
Сунарел гьал чирахъал,
Копое кьураб канлъи,
Т1ок1абго бихьилада
Лах1тоялде лъугьиндал.
«Халатаб» нилъер г1умро
Метериде сверила,
Макьилъ араб киниги
Т1аг1ун ина цебеса.
Свидетельство о публикации №217061400033