Философия жизни на аварском языке 2

Рак1алде доб заман щола,
Щвараб хасел бихьула.
Нахъа тарал дол сонал,
Гьанже цере т1амула.

Г1умроялъул сухъмахъал –
Парсазулъан лъураб нух,
Чанго лъалел хут1ана,
Къадаралде жал ккарал.

Берцинаб сипат-сурат
Аралъул цебе ч1ола,
Лъик1ал-щиназул гьурмал
Рак1алдаса унаро.

Гьудулзаби чан инч1ел,
Г1агарал чан т1аг1инч1ел,
Ц1алдеялъулъ цадахъал
Чан чи «нахъа» хут1ич1ел.

Чан жеги «къач1ан» ругел,
Нилълъги тун доре ине,
Къисматалъул нухазул
Цебе бугеб лъаларо.


Рецензии