Пародия

Х1абибил гьайбатал гьал раг1абазде жаваб гьабич1огун ч1езе к1веч1о.

Т1угьдузулъ пархолеб пахруяб к1алк1уч1,
К1иго анкьил гуреб гьеч1о дур г1умру.
К1инусго сон балеб гъадилалдаса,
Дур г1умру бокьила – берцинго араб.

Х1абиб Давудов
------------------------------------
Берцинал т1угьдузулъ гьайбатаб к1алк1уч1,
Ч1еч1ого къоялъ нектар гьекъолеб.
Т1инч1 г1езабиялъул ургъел гьеч1огун,
Гьуинал мах1азулъ парпади берцин.

Рорччен, ц1ад т1аде щун, квачараб гьури,
Гьездаса борч1ани - къадако нахъа.
Гьогьен т1асаги ун бакъ гвангъун хадуб
Х1анч1ихъе щвеч1они - гвангъараб г1умру…

Хъархъил бусен гьабун рах1ат лъач1огун,
Т1анч1азе квен баччун, тарбия кьолеб,
Санитар киниги, щварабги босун,
Бук1уна ургъалилъ гъаримаб гъедо.

Ц1ум, хъергъу баккани дандеги боржун,
Х1инкъич1огун гьел нахъе хъамулеб,
К1инусго соналъулъ ч1ег1ераб, хъах1аб
Бихьун г1умру гьаби г1ела гъадие…


Рецензии