Ц1огьорзаби хъулухъалда

Бищунго къимат гьеч1ев
Вук1ана цеве ц1огьор,
Гьанжени ц1огьорзабаз
Т1алъиго босун буго.
Халкъалъеян биччала,
Биччарабго буххула,
Ц1огьалъги рушбатазги
Улкаго мах1цун буго.
Ц1огьодиялъул гучалъ
К1очон буго ях1-намус,
Гьереси бицин гьанже
Лъугьун буго г1адатлъун.
Хъулухъ, бикъи камураб,
Батизе щакаб буго,
Рушбат босулареб бак1
Кибниги батиларо.
Ц1огьодула депутат,
Багьадурин ккола жив.
Валасть кодобе щварав
Щулалъизе жовала,
Цересел г1агаразул
Сверухълъи ц1езабула.
Законилан к1алъарал,
Рек1ехълъизе гьарула.
Гьабула начальник1ас
Исписсать гьабун г1арац,
Ревизор ва "заказщик"
Гъурщаз рекъезарула.
Г1ет1 гъорлъ гьеч1еб "бац1адаб"
Г1арцохъ диплом босула,
Щибго лъаларел лъимал
"Варачаллъун" рахъуна.
Аги Беги лъаларей
Учительлъун лъугьуна,
Лъималазе - тарбия
Бикъи-хъами ц1огьг1адаб.


Рецензии