Имамги бугъаталги

Вилъиндал рекъав лъала, к1алъадал т1екъав лъала – ян абула маг1арулаз. Гьаб макъала хъваялъул мурад буго жиндир к1вар ц1ц1ик1араб цо масъалаялда т1асан к1алъазе г1адамал ах1и, гьелдалъун бит1араб-т1екъаб жо т1атинаби ва гьелъул х1асилалда рит1ухълъи бергьин.

Гъазимух1амад имамас борхараб гъазаваталъул байрахъалда гъоркь жанисел ва къват1исел тушбабазде данде лъебергог1ан соназ халатбахъараб къеркьей лъуг1аралдаса 160 сон т1убазе бугониги, маг1арухъ жеги сахлъун гьеч1о гьеб рагъалъ лъурал ругънал, лъуг1ун гьеч1о гьелда т1асан г1адамаз цоцазе кьолел «рег1ерал» суалал. Гьединал суалазул г1емерисел рухьарал руго Шамилил имаматалъул заманалъ цо тайпа г1адамазухъа рахъаралин абулел ракьазда. 

Имаматги цебего гьеч1о, Шамиль имам хваралдасаги т1убараб цо г1асругин бащадаб заманги ун буго, амма имаматалдаса хадуб Дагъистаналда т1ад хисараб чанго бат1ияб х1укуматалда гьеб суал къазе рак1алда щун гьеч1о, жакъа бугелдаги щвезехъин гьеч1о. Батила гьелда жанибги пачалихъалъул сиясаталъе к1вар бугеб кинаб бук1аниги цо г1ила, амма гьеб суал «бижараб» т1оцебесеб къоялдаса нахъе г1ураб жиб-жиб ц1ияб г1ел даг1багъизе унел г1адамазе гьелдаса бугеб пайда щибха.

Маг1арухъ руго ракьал, цоял Россиялъул пачалихъалъул фондалда гьоркьор рик1к1унел, цогидал цо-цо росабаз бет1ергьанлъи гьабун ругел, Шамилил х1укуматалъ бугъатазухъа, ай имамасда данде рахъун рук1арал г1адамазухъа рахъун  имаматалъул байтулмаллъун гьарун рук1аралин абулел.
XIX г1асруялда дагъистаналда рук1арал гъазаватазул цо дагьабг1аги тарих лъалел г1адамазда бицине ккеларо гьеб заманалъ Дагъистаналъул ц1ик1арасеб халкъ гьел гъазаватазда данде ч1араб бук1араблъи. Цо-цо заман бук1ана халкъалъго вищарав х1акъикъияв имамасул рахъ ккун цо чанго нусго чи хут1арабги. Гьелъул г1аксалда аза-азар чи гьевгун рагъизе къват1и рахъарабги. Хасго Шамилил заманалъ, Ах1ул гох1да г1урусаздаса гьев къезе цере гьединал ишал г1емер ккана, гьедин данде рахъарал г1адамазул г1емерал росаби гьес рух1унги рук1ана.

Гьаб хабар гьаб бак1алда бициналъе г1ила буго, макъала ц1алулесда бич1ч1изаби, нилъер тарихалда ц1акъго к1удияб лъалк1 тараб бах1арчияб иш жиб бук1аниги, имамзабиги гьезул гъазаваталги къвариг1арал чаг1и маг1арухъ доб заманалъ ц1акъ дагь рук1араблъи. Мурадги буго, шарг1ияв имам вищун хадуб гьес имамлъи гьабулеб ракьалда т1ад гьесда данде ч1арав щинав чи шарг1алъ бугъатлъун рик1к1унев вук1иналъ, нилъер ц1ик1арасеб халкъ  бугъаталлъун рик1к1ине бегьизе бук1араблъи бихьизаби.

Имаматалъул байтулмаллъун рук1аралин абулел гьел ракьазда т1ад бет1ергьанлъи гьабун ругел яги гьабизе бокьун бугел г1адамаз, жидер умумузул рук1арал ругин гьел ракьалин к1алъалезда абулеб буго нужер умумул имамзабаз ч1ванин БУГЪАТАЛ рук1иналъ, гьедин рахъарал ругин гьезухъа гьел ракьалги цоги боц1и-малги, гьединлъидал шарг1алда рекъон нужер т1алаб мекъаб бугин.
 
Гьелда хурхун бижун буго чанго суал шарг1алда жаниб жидее жаваб ц1ехезе кколел.

1. Бугъатал щал кколел, шарг1алда гьезие щиб х1укмо бугеб?

2. Гъазаватазул заманалъ маг1арухъ капурзаби рук1араблъи бихьизабулеб х1ужа тарихалда бугищ?

3. Капурзаби гьеч1ел г1адамал капур гьаризе, цинги гьезул би, боц1и-мал, руччаби-лъимал х1алал гьаризе шарг1алъ рес кьураб цог1аги росу-ракь гьеб заманалъ Дагъистаналда бук1анищ яги бук1ине рес бугищ?

4. Х1акъикъаталдаги бусурзабазе гьеб иш гьабун батани, шарг1алда щиб х1укму гьелъие бугеб?

Гьел суалал дица кьуна шарг1ияб лъай бугел цоял ва тарих лъалел цогидал, гьеб лъаялъе г1адамаз лъик1аб къиматги кьолел г1алимзабазе. Гьел киназго бицараб-таралъул х1асил гьабулаго бижана гьадинаб жаваб:

Имамзабаз гъазаватал гьарураб XIX аб г1асру бач1иналдего, Ц1унт1а-дидо ва къиялазул цо чанго росу хут1изег1ан, цогидал ракьазул ва росабазул киналго г1адамал маг1арухъ ислам босарал ва квеш-лъик1 гьелъул къаг1идабазда рекъон г1умру гьабулел рук1ана. Гьединлъидал капуралин абун маг1арулал ч1вазе ва гьезул боц1и-малалда хъвазе г1ураб шарг1ияб г1ила цог1аги имамасул гьеб заманалъ бук1инч1олъи мух1канаб жо буго. Цоги иш буго имамзабаз гьабулеб ишалде данде рахъун яги гьелъул рахъ кквеч1ого гьел ч1ей. Бугъаталин ц1арги лъун т1аг1изарурал маг1арул ханзабазул рукъалъулин абулел г1адамазул г1емериселги гьеб заманалъ жидер боц1иялдалъунги, г1адатиял г1адамазда гьоркьоб бугеб къадру-асалдалъунги гъазаваталъул рахъ ккун имамзабазда цадахъ рук1араблъи бихьизабулел х1ужабиги тарихалда г1емер руго.

Дица гьаниб лъеларо шарг1алда щиб х1укмо гьеб ишалъе бугеб ва лъица гьеб гьабураб абурал суалазе дие щвараб жаваб. Баянаб жо буго бусурзабазда гьоркьоб шарг1 шула гьабизеян рахъун рук1арал имамзабаз жидецаго гьеб хвезабич1олъиги, гьабунин абулез гьезда бугьтан лъолеб бук1инги. Нужго балагье гьанир хадур рихьизарурал гьеб шарг1алъул х1укмабазда ва кье къимат. 
 
ИМАМАСДА ДАНДЕ РАХЪАРАЛ БУСУРЗАБИ

Имамасде данде рахъарал бусурзаби шариг1аталъул г1алимзабаз рикьун руго ункъго бат1ияб тайпаялде. Бат1алъи гьеч1о гьел гьев имамасе баят гьабун, гьесулгун къот1и-къаялда рук1ун ратаниги ратич1ониги:

1.ГЪАЧАГЪАЛ

- жал данде рахъиналъе жамг1ияб яги сиясатияб г1ила-г1узро гьеч1ел;

2.ГЪАЧАГЪАЛ

- жал данде рахъиналъе жамг1ияб яги сиясатияб г1ила-г1узро бугел, амма рагьун дандеч1ей гьабизе г1ураб къуват гьеч1ел. Г1емерисел г1алимзабаз гьездаги гъачагъалин абуна;

3.БУГЪАТАЛ

- жал данде рахъиналъе жидер жамг1ияб яги сиясатияб г1ила-г1узроги, рагьун имамасулгун рагъ гьабизе г1ураб жамаг1атги, ярагъги бугел;

4. ХАВАРИЖАЛ

- мунагь гьабунин абун бусурзаби капур гьарулел, гьел ч1валел, гьезул би, боц1и-мал, руччаби-лъимал жидее х1алал гьарулел.

Гьал тайпабазул т1оцебесеб лъабгоялда гьоркьор унел г1адамал бусурзаби рук1иналда т1ад рекъана киналго г1алимзаби.
 
Ункъабилеб тайпа – ХАВАРИЖАЛ капур гьаруна х1адис-г1елмуялъул цо-цо г1алимзабаз. Амма ункъавго имамас ва цоги г1емерал г1алимзабаз гьелги бусурманал ругин абуна.

ИМАМАСДА ДАНДЕ РАХЪАРАЛ БУСУРЗАБИ ВА ГЬЕЗУЛ Х1УКМУ

Имамасда данде рахъарал г1адамазулгун рагъ гьабиялъе гьезул жиб-жиб тайпаялъе хасаб нух бихьизабун буго шарг1алда. Рехсезин гьезул цояб.

БУГЪАТАЗДА данде рагъ гьабизе бегьиялъе ва ккеялъе аяталги, х1адисалги, асх1абзабазул асаралги, гьединго г1алимзабазул т1адрекъейги буго. «Бусурзабазул к1иго т1ел цоцалъ багъани нужеца гьезда гьоркьоб рекъел гьабе» - ян амру гьабулеб буго Аллагьас Къуръаналда. «Нагагь гьезул цоял, гьеб рекъелалдаги гьеб сулх1алдаги г1енеккич1ого зулму-х1алги гьабун цогидазде данде рахъани нужеца гьел ч1вай, гьел Аллагьасул амруялде руссинег1ан». (Суратул Х1ужират, 9 аят). Гьеб рагъ гьабулеб къаг1идаялъе г1орхъаби лъураб бищунго роц1ц1араб мисал бук1ана Г1алиасх1абасулгун Муг1авиял ккараб рагъулъ. Г1алиасх1аб вук1ана х1акъав имам, гьесда данде рагъ гьабуна Муг1авияс. Г1алиасх1аб гьеб рагъулъ бергьана. Муг1авиял рахъ ккун рагъула рук1арал г1адамаздехун: асирлъун ккаразда, лъукъун ратаразда, ч1варазда, лъутун аразда, гьезул боц1и-мал, хъизаназда, Г1алиасх1абас гьабураб бербалагьиялъулъ загьирлъана гьеб шарг1ияб х1укмуялъе мух1канаб мисал.
Цо ракьалда, цо халкъалъ жидеда т1ад вищарав х1акъав имамасе мут1иг1лъич1ого гьесда данде цо т1ел бахъани, жал данде рахъиналъе жидер жамг1ияб яги сиясатияб г1ила-г1узроги, рагьун имамасулгун рагъ гьабизе г1ураб жамаг1атги, ярагъги бугел, гьезулгун т1оцебе гара-ч1вари гьабула, хадуб, кинго гьел мук1урлъич1они, рагъги гьабула. Г1алимзабаз абулеб буго, рагъ гьабун хадуб гьел рикьа-рихун, къуват лъуг1ун лъутизе байбихьани гьезда хадурги лъугьуларин, гьезул лъукъун ратарал, асирлъун ккаралги ч1валарин, боц1и-малги давлалъун гьабуларин, гьелда ва гьезул лъимал-хъизаназда хъвазеги бегьуларин. Ибн-Къудама ян абулев г1алимчияс жиндирго т1ехьалда абун буго гьел масъалабазда жаниб г1алимзабазул дагьаб г1аги раг1идандеккунгут1и жинда лъаларин. Киналго имамзабиги, г1алимзабиги т1ад рекъараб масъала буго гьеб.

БУГЪАТАЗУЛ боц1и-мал давлалъун гьабизе бегьунгут1иялъе х1ужалъун бачунеб бищунго раг1арал мисалазул цояб буго гьадинаб:

 Г1алиасх1абасулги Муг1авиялги рагъулъ Г1алиасх1абасул рагъухъанасе щун бук1уна Муг1авиял рахъалда вук1арасул цо хьаг. Рагъ лъуг1ун хадув жиндир хьаг нахъе т1алаб гьабун гьев чи вач1араб мехалъ Г1алиасх1абасул рагъухъан гьеб хьагги ц1еда лъун квен гьабулев вук1уна. Квен бежа-белъун лъуг1изег1ан сабро гьабеян гьаридал гьев чиги разилъич1ого, жаниб бугеб квенги къват1иб бан гьев гьеб хьаг бет1ергьанасухъ нахъе кьезе т1амула.
      
 
 

 


Рецензии