Гьит1инаб ц1орол заман

     14 г1асруялдаса байбихьун 19 г1асруялде щвезег1ан гьоркьоб араб заманалда тарихалъул ва ракьхъваялъул г1алимзабаз «Гьит1инаб ц1орол заман» абун ц1ар тун буго. Жибго к1удияб «Ц1орол заман»  ракьалда т1ад лъуг1ана 10-13 азарго соналъ цебе. Миллионал соназ халат бахъараб гьеб заманалъул цо-цо г1ужаз риидалги биунареб ц1орол бицатаб гъат бук1ана, г1адат батараб къаг1идаялъ дунялалъул ракьальул Шималияб  ва Къилбаялъул  т1огьазда (полюсазда) гуребги, г1емерго гъоркьег1ан - Крымалде, Кавказалде, г1арабиязулгицин цо-цо ракьазде щун.
Гьединаб х1ал гьеч1ониги, Гьит1инаб Ц1орол заманалъги нилъер муг1рузда ц1акъ квачан бук1ана ва гьеб квач кинабго дунялалъего г1аммабги бук1ана. Хасго гьеб ц1ороялъ к1удияб зарал гьабуна дунялалъул Шималияб бащалъиялда ругел ракьазе (Северное полушарие).
     Европаялъул халкъаз рехун тана ва рихана г1емерал росаби, хвана ва пайда гьеч1еллъун лъугьана рекьулел ракьал ва г1алахал. Нилъер заманалъ ц1акъго квачараб хасало гурони ц1ороларел Темза, Рона, Нева г1адинал г1орал жиб-жиб хасало ц1ералъ рацун рук1унаан. Тарихалда буго, гьеб заман бач1инег1ан ц1ибилгицин барщулел рук1арал Англиялъул ва Шотландиялъул ракьаздаса гьеб т1аг1анин. Гьеб т1аг1ун бук1ана гьанжесеб Германиялъул цо-цо ракьаздасаги.
     Ракъиялъги, гьебгун цадахъ раккарал унтабазги лъедер гьабуна халкъалъул къадар. Цогидал «г1орц1арал» хинал г1асрабаз  рук1аразда дандеккун гьеб заманалъ рагъалги г1емер ккана гьезул халалъиги вах1шилъиги ц1ц1ик1ана. Дунялалъул хинаб рахълъун рик1к1унеб Азиялда ругел Япония ва Китаялдецин щвана гьеб ц1ороялъул хвалилал ч1орал. Гьел ракьазе г1адатиял пихъал хвана, пиринч1 барщин дагьлъиялъ ракъул заман бач1ана.    
     Гьеб ц1ороялъул х1асил гьанжесеб Россиялъул ракьазеги лъик1аб бук1инч1о. Бакъбай (засуха) яги ц1адал г1емерго ц1ик1ун рай, риидал ва хасалихъ ц1орой бач1ин, г1оразда лъим ц1ик1ун авлахъал гъанкъи, ц1акъго квачарал хаселал рач1ин сабаблъун бач1ана ракъи, унтаби, ккана г1емерал рагъал ва гьелдалъун ц1акъго дагьлъана г1урус халкъ. Гьединал зах1матал г1ужаз хинал ракьал ц1ехон гьезул цо бут1а лъутана къилбаялдехун (Кавказалде, Крималде) ва гьедин г1емерлъана гьел ракьазда казаказул росаби (Доналъул казакал, Терекалъул казакал).
     Гьеб гьедин ккеялъе рук1арал г1иллабазул цояблъун г1алимзабаз рехсон буго бакъул х1алт1ул къаг1ида хисин, гьелдаса ракьалде бач1унеб хинлъиялъул х1ал дагьлъи. Гьелдаго бухьараб буго ракьалда т1ад рохьал г1емерлъиги. Гьелъие бугеб цоги г1иллалъун бихьизабун буго дунялалъул т1огьазда (полюсазда) бугеб ц1ер биин ц1ик1иналъ, ралъдал ц1амх1алаб лъелъ ц1амх1алаб гуреб лъел къадар ц1ик1ин ва гьелдалъун гьеб лъел хьвадиялъул (Гольфстрим)  г1адлу бихин.
     Щиб х1алха бук1араб гьеб заманалъ Кавказалъул муг1рузда? Гьеб суалалъе жаваблъун рачине бегьулел х1ужаби тарихалда г1унги т1ок1ал руго. Гьездаса цояб буго Кавказалъул г1емерисел г1орал хасало т1уранго ц1ералъ рацунел рук1анин абун бугеб баян. Г1анди г1орги гьединго ц1ералъ бацунеб бук1анин буго тарихалда.
     Маг1арухъ жиб-жиб ракьалда руго биценал гьеб заман бач1инег1ан гох1-щобазда, муг1рузул цо-цо т1огьаздагицин рук1арал росаби г1адамаз рехун теялъул х1акъалъулъ. Къедиса гьидалъел нахъе иналъе рачунел г1иллабазулги цояб гьеб ц1орой бач1ин буго. Гьедин рехун тарал росабазул хут1елалги нилъер муг1рузда г1емер руго. Г1алимзабаз гьарурал ц1ех-рехазда буго, гьанже нилъеда лъалел ц1орол муг1рузда бугеб ц1орол гъаталъул раг1аллъаби гьел г1асрабазда г1емерго рехег1ан, цо-цо доб заманалъул росаби рук1арал бак1аздегицин щун рук1анин. «Цебемег1ер » ва «Бисил кьуро» ян къедисез абулеб муг1рул щобалда ц1ар ракьхъваялъул г1елмуялда «Г1азул мег1ер» абун буго. Риидалги биун лъуг1унареб г1азу бук1араб х1исаб буго гьелъул т1огьазда. Гьай-гьай, гьединаб заман бач1иналъ дагьлъана г1адамазухъ боц1и, хвана яги г1емерго дагьлъана ракьалдаса бач1ин, гьелъул х1асилалда рач1ана ракъул сонал, ц1ик1ана унтаби, хасго вабаъ г1адинаб унти бач1ин. Хун яги нахъе гочун г1емерго дагьлъана муг1рузда халкъ.
     19 г1асруялда байбихьун буго гьеб х1ал хисизе, хинлъизе лъугьун буго дунял. Жакъасеб г1елалъул г1умруялда жанибгицин лъалеб хисана нилъер бак1алда гьава-бакъ. 30-40 соналъ цереги ралел рук1арал к1удиял г1азаби рай дагьлъана, г1иссинпихъгицин т1убанго барщулеб бук1инч1еб Къеди баг1ли ва курак кванана, ц1улакьо бижана, ц1оросоролъ, баг1ар-гьоло, помидор, охцер барщана. Гьава-бакъалда хадуб хал кколел г1алимзабаз абулеб буго г1агарал соназда жаниб ракьалда хинлъи жеги ц1ц1ик1изе бугин. Гьединго гьезул буго пикру гьеб хинаб г1уж циндаго гьоркьоб къот1изеги бегьулин. Кида ва щиб г1иллаялдалъун гьеб ккезе бегьулеб абураб суалалъе цоккураб жавабги гьезул гьеч1о.
......................
"КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ" т1ехьалъе. 2019 сон.


Рецензии