Игьалисан жаваб

Игьалисан жаваб
Ваг1алайкум ас-салам,щвана дур кагъат,
Кинабго бич1ч1ана,мухъккун ц1алана.
Ц1акъ к1удияб асар рек1ей гьабуна,
Росдал х1акъикъат лъан,х1айран хут1ана.

Хассал мисалазул сиях1 рехсараб,
Рак1алде бач1ана г1олохъанаб мех.
Г1урухъе чордезе чанги хьвадарал,
Дол роолил къоял къан руго рек1елъ.

Ракьандахъ,Ракъала,Бакъда пихъазул,
Т1аг1ам буго г1усукь заман аниги.
Залимал рохьаца сверун бухьараб,
Балала,Т1адрохьоб бихьула макьилъ.

Бергъванила т1алъи,Бекьхва нак1к1ил рохь,
Берда цере руго,рек1елъ къан руго.
Къулакъач1и иццул,Кьог1аб лъиналъул,
Лъала жеги къимат мех ананиги.

Лъалгъади махил рохь,Гвандрас свераби,
Дагьалищ мерхьарал г1олохъанлъуда.
Г1иязе камилаб доб Г1ач1икъоро,
Г1ухьбуца чали къан къамартго бугищ?

Хъачагъкквей х1алаян Х1арищуйила,
Х1арщул ц1ун рет1елгун рук1унаан нилъ.
Х1асандала т1амун сакъис бахъулел,
Сардал к1очон танищ,бицея дида.

Байдан,Г1олебмагъилъ г1араб пихъалъул,
Г1емераб х1албихьи бук1инч1ищ нилъер?
Г1ор бахун ц1олбоде г1емер к1анц1ич1ищ,
Салихури бугеб г1ахьваялде нилъ?

Г1умрудал лах1затал заман анаг1ан,
Рек1елъ женжедула пикраби ц1алк1ун.
Пажала годек1ан жеги х1алт1улищ,
Х1ент1ебилалъ авал х1ал рекъон бугищ?

Гунзухъ авалалда ц1улай къот1улел,
Ц1улакьудал гъут1би ц1унулел ругищ?
Гъарц1алъ г1адамазул маг1ишат-яшав,
Г1амалалъ борцунеб бицадулъ бугищ?

Энсерухъ магъилъгун,Сверуда нахъа,
Умумузул пихъал гьарзаго ругищ?
Гьанже нухда ругел даранчаг1аца,
Даран х1алал гьабун г1уц1улеб бугищ?

Умумуз нилъее ирсалъе тарал,
Ц1удукь,Щулалъухъан к1к1уйго баккулищ?
Боц1и-панз кьараго сагабахъ ругищ,
Кьолеб мухь г1ухьбузе г1уждаго щолищ?

Кьенущи ахалъул хабар щиб бугеб,
Х1ат1албаг1ар ц1ибил бижулищ жеги?
Жаниб Лъунгъарисан Ракьандахъехун,
Векьарухъан унищ оцалги рачун?

Раг1ни к1к1алахъ бугеб иццул чил-чили,
Чанасда гьеб лъалеб,бит1араб бице.
Бурагъалъан эхе иххал рач1унищ,
Эхелъ авалалъул  рах1ат хвезарун?

Росулъ г1адлу-низам мух1канаб бугищ,
Школа-мактабалда кинаб лъай бугеб?
Мадраса х1ет1изе х1алк1олеб бугищ,
Х1алухъин ц1ик1к1ине хурзал рекьулищ?

Х1асанил кьурда т1ад мокъокъ ах1долищ,
Кьенц1ерабахъ сага боц1уе щолищ?
Ц1обода найица кутак гьабулищ,
Кверисан,Март1исан лъинал чвахулищ?

Ч1ух1ула х1асратаб росу бихьидал,
Бач1уна гьеб цебе гьаниб рик1к1ада.
Рек1ел мурад т1убан, Бичас ц1обги лъун,
Нус-нус соназ таги умумузул ракь.

Толеб буго дица дуй кьолеб жаваб,
Баркала дуйги кьун,дир гьит1инав вац.
«Игьалибе кагъат» дица г1емер ц1алила,
Г1умрудал лах1затал х1ал рекъон кквезе.

Рукъалъ вохун таги,хирияв гьудул,
Дун к1одоги гьавун кагъат хъваралъухъ.
Дица кьураб жаваб,бикьараб ургъел,
Ратаги дарулъун дун рехсаразе.

Вассалам- вакалам…
2022 сон


Рецензии