Машина бачунев
Машина бачунев, дир гьари буго,
Г1едераб нухдасан цеве унаго,
Дуе пайда бугеб калима бугин,
Гьаб дир малъа-хъваял г1адахъ росеян.
Бисмиллагьги бахъун рулалда нахъа,
Мун г1одов ч1ч1анани нух дуй бит1ила.
Бачунеб машина зунизабуни,
Зарал дуе гьелъул х1акъаб бук1ина.
Берал макьихани,хант1ан лъалхъе мун,
Нухлул раг1алда ч1ун х1алхьи гьабизе.
Гьелъул ургъел тани,талих1 къина дур,
Тохлъизе вук1унге,дир гьари дуе.
Гьаб заман ургъелал г1емераб буго,
Г1емер сакъат ккарал камулел гьеч1о.
Киналъего г1айиб-г1едег1и буго,
Г1умру цоц1ул кьола-балъаргъуге гьеб.
Дуда рокъор тарал лъимал к1очонге,
Лъадигин,г1агарал,гьудул-гьалмагълъи.
Машина зунунин медаль кьоларо,
Дагьав кват1ун щунин щибго лъунаро.
Лъик1аб г1акълу кьунин квешги бихьуге,
Кант1и дуе щвезе бикьанин ургъел.
Кьун тараб дарсалъул пайдаги босун,
Педалалъул х1алт1и мух1канго т1убай.
Машина бачунев,киве кканиги,
Нух бит1улеб сафар даимлъаги дуй.
Воре к1очон тоге дирги аманат,
Нухлул адаб гьабе,Аллагь к1очонге.
2022 сон
Свидетельство о публикации №222112701512