Рек1ел пикраби
Сог1аб г1амал ккураб г1умру бугони?
Г1ибадат т1ок1к1унин-т1екълъиялъул гуч,
Т1аса рехиялъе рухса щолебищ?
***
Мунагьазул ц1урал рак1алги росун,
Суждаялде унел цо-цо г1адамал.
Г1аркъил мах1 ургьиса нахъе инелде,
Машк1идалде хьвадун пайда бук1унищ?
***
Рек1ел къасдал лъалеб къуват нилъее,
Къудратав Аллагьас насиб гьабич1о.
Намусалъул сурат кинха бахъилеб,
Камилаб рак1 жубай цоцалъ гьеч1они.
***
Х1алихьалъи,х1алхъублъи,х1асад ва х1илла,
Х1акълъунго къуватал раг1аби руго.
Къуркьи гьеч1ел рак1ал гьарзаяб дунял,
Диналъул ах1камал камил кколареб.
***
Жаниб г1акълу гьеч1еб бет1ер бугони,
Беразул мунфаг1ат г1ададисеб жо.
Г1амал камиллъулеб лъай т1алаб гьаби,
Лъавукъаз ц1ехолеб хазина гуро.
***
Каранда ругъун лъун гаргар г1уц1улел,
Г1азаб-зулмуялъул к1ич1икье ккаги.
К1иг1аркьелаб мац1гун росулъ хьвадулел,
Ракьулъе инч1ого ч1аго хут1аги.
***
Хасаб унтиялъул свери лъугьараб,
«Лъик1аб» заман буго рагьдухъе бач1ун.
Бугьтан-гъибаталъул балъгоял гулби,
Лъик1азул рак1азда даим реч1ч1улеб.
***
Дуца маг1у т1унин,гьумер хашанин,
Хиси лъугьунаро рак1ал квешазе.
Рик1к1ад гьабе бугьтан,к1вар кьоге гьелде,
Гурони г1умру гьелъ ч1ах1лъун бух1улин.
***
Дарсазул камиллъи кинан бук1инеб,
Кепкал бадир реч1ч1ун муг1алим тани.
Г1акълуялъул къуват кинан лъугьинеб,
Лъаялде к1вар кьолеб улка гьеч1они?
***
Ришватазул къуват заман анаг1ан,
Нилъер улкаялда т1егьалеб буго.
Балъго кьей жибго тун,рагьун кьурасе,
Рах1ат щай толареб прокурораца?
***
Х1алт1и камиллъула,маг1наяб лълъуна,
Г1адлуялде к1вар кьей кьуч1аб гьабуни.
Бикъулел,хъамулел хъурмазе гудрал,
Хъулхъал г1емерлъидал г1еладай нилъей?
***
Намусалъул къуват,къадругин цадахъ,
Доллар гьарзалъидал гьороца ана.
Лъай-г1акълу х1ажатал-жагьлу бергьиндал,
Жакъа улкаялда киса-кирего.
***
Адабият кинан т1алаб гьабилеб,
Адаб чорхолъ гьеч1ел рух1ал ругони?
Рух1ияб хазина х1унщилъун буго,
Х1арам гьарзалъараб гьаб улкаялда.
***
Китабханаялъул ц1арго бахъуге,
Ц1алдолезул сиях1 заг1ипаб бугин.
Ц1алараб т1ехьалъул пайда босулел,
Лъимал гьеч1о жакъа нилъер школазда.
***
Чи хвараб къояца хаслъи ц1ехоге,
Хвезе мунго вук1ин к1очене тоге.
***
Г1амал берциназул г1умрудал ахир,
Ахират бохараб,Аллагь разияб.
***
Т1ирунч1ей г1умрудал роценлъун ккурал,
Рохизе гьеч1о нуж хабалъ лъугьиндал.
***
Ч1ух1иялъул къуват къавулъ ц1унарал,
Къабих1ал рук1ина Бичасда цере.
***
Какал раналилан рак1ал хисич1ел,
Хвасарлъи сундалъун нужее бугеб?
***
Бикъараб-бичана,Аллагь гуккана,
Амма малаикзабаз кинабго хъвана.
***
Г1амал гьеч1еб чорхолъ чорокаб нафсалъ,
Чанги бусен лъола лъавукълъи ккуни.
***
Бицаралъ кант1ич1ев бихьун кант1улин,
Кици гьеч1ищ нахъе умумуз тараб?
***
Замана балъаргъун къоял т1амурас,
Къулч1ула зах1малъи г1умрудал нухда.
***
Хиянат квегъизе кинанха к1велеб,
К1алзулъги,рек1елъги рек1к1 бугонани?
***
Рарал каказ гуро камиллъи кьолеб,
Камилаб г1амал ккун г1адамалъ вук1а.
***
Дибирасул ваг1за раг1улел г1ундул,
Рек1елъе нух батун щай х1алт1уларел?
***
Х1асадалъул ц1адалъ ц1валтунги виччун,
Чучиладай чорхол заг1иплъараб х1ал?
***
Залимав вугилан гаргадуге мун,
Габуралда медаль баларо гьелъухъ.
***
Даг1ба-раг1иялъул,г1азаб-зулмудал,
Заман буго рагьдухъ гьоболлъухъ бач1ун.
***
Нафс квегъулеб чангит бук1арабани,
Чорокаб г1амалалъ г1орхъи телаан.
***
Г1акълу хисун г1арац г1адамазда гъорлъ,
Г1ураб къадаралда х1алт1улеб буго.
***
Ваг1за раг1анщиназ г1амал куцазе,
Г1ураб къадаралда х1алт1и гьабулищ?
***
Бит1араб гъот1олги,пикру гьабуни,
Гьет1арал рук1уна т1олго г1аркьелал.
***
Дуй рецц-бакъ гьабулезда воре божуге,
Рек1ел къасд бат1ияб батулин гьезул.
***
Г1арцуде х1ац1у тулел рихьуларо г1адамал,
Г1арцуца х1ац1у тулел х1алхьезег1ан ратула.
***
Лъик1асулгун гьудуллъи ккве,
Квешасдаса нахъе к1анц1е.
***
Махщел бугел кверал кванач1ого хут1уларо,
Т1аса г1умру бекидал кодоб щолищ гьеб махщел?
***
Заман лъик1аб гьеч1ин ч1ваге багьана,
Нилъго лъик1ал ругищ? Щоларо жаваб…
***
Жагьлуялъул къуват къалаз борцани,
Къадар гьелъул лъалеб лъвинаро роцен.
***
Г1арцул унти ч1вараб,г1аданлъи хвараб,
Г1асруялъул угьди рагьде бач1араб.
***
Багьаби-эхеде,харжал-эхере,
Эркенлъи камилаб демократия!
***
Дипломал гьарзаяб гьанжесеб ц1али,
Гьунар,г1акълу жанир жидеда гьеч1ел.
***
Дуца заманалда зулму гьабуни,
Зарал дуего щун хут1изе гурин.
***
Т1аде к1вар кьунани т1убазе к1олеб.
Зах1малъи дандч1вадал т1аса рехуге,
***
Рат1лидалъун т1ок1лъи т1алаб гьабуге,
Рух1ияб рахъалде к1вар ц1ик1к1араб кье.
***
Гьереси рек1елъ ккун,к1алдиб гьоц1о ккун,
Рит1ухъавлъун лъида вахъине к1олеб?
***
Лъай-дур пишабазул бет1ер батани,
Пишаби-умумул лъараб жоялъул.
***
К1алдиб бач1анщинаб къват1иб кьвагьуге,
Кьог1аблъун батулин гьелъ кьолеб х1асил.
***
Маг1на гьеч1ел раг1абаз рак1ал лъукъуге,
Лъик1алъе нигат ккве,кири ц1ик1к1ине.
***
Дуца рек1ел хинлъи херлъи щвелалде,
Диналъул вацасе садакъаде кье.
***
Квешал чаг1азулгун гьудуллъи кквеч1ев,
Камилго къадру,ц1ар жинца ц1унарав.
***
Т1убазе к1олареб т1аде босуге,
Басралъи щолебин,божа гьелда мун.
***
Барщукъал раг1абаз г1уц1уге калам,
Г1абдалин ц1ар кьолеб г1аламалъ дуе.
***
Нилъей заралалъе нухал ц1ехолеб,
Нафс бугин раг1ана бицунеб дида.
***
Рагъда ругелщинал г1олил васазе,
Радал т1аде вахъун дуг1а гьабуни,
Гьебги садакъалъун,гучаб сангарлъун,
Бук1ине рес буго-божа гьелда мун!
***
Г1акълу къуватаб кьун вижарав инсан,
Сог1алъул гурони ургъелго гьеч1ев.
Пикру камилаб кьун вижарав инсан,
Г1азаб-зулмуялъе заман батулев.
***
Бусурман чиясда т1адаб гьеч1ебищ,
Рац1алъи ц1унизе нигат гьабизе?
Гьаб нилъеда сверухъ бугеб чороклъи,
Рохьил жанавараз гьабулеб жойищ?
***
Т1аде ккарав бет1ер жагьилав ккани,
Жагъаллъила росу,бихила г1адлу.
Г1акъиласда ц1ар ч1ван хъулухъ босани,
Баракатаб агьлу бук1ина кибго.
***
Ц1алул низам хвараб бач1араб г1асру,
Г1акъилал какулеб,жагьил веццулеб.
Кодор телефонал,планшет,айпедал,
Кеп-г1оркьалда унеб г1умрудал лах1зат.
***
Дунял г1узрабаца к1век1улеб буго,
Г1орц1араз ц1околъун ц1ац1алеб буго.
Ц1аял кирго ракун бух1улеб буго,
Бач1унелъул ургъел гьабулеб гьеч1о.
***
Намус-ях1 лъуг1араб,адаб билараб,
Бач1ун буго г1асру нилъер къавуде.
Диналъе жагъаллъи жагьилаз ккураб,
Решт1ун буго х1асрат бусурбабазде.
***
Ниг1матал гьарзаяб гьанжесеб заман,
Зах1мат бихьич1ого кваназе щолеб.
Щукру гьабулезул сиях1 дагьлъараб,
Бугелда г1ей гьаби т1убан лъуг1араб.
***
Нафсалъул ургъел тун,гъибат г1емерлъун,
Г1умру унеб буго бич1ч1и гьеч1ого.
Ч1ух1и-х1асадалъул раг1дукьги регун,
Рук1ин рекъон бугищ,диналъул вацал?
***
Т1ад таралги какун какдеги хьвадун,
Гьез кьурал шагьаби х1алт1изе гьарун,
Рияъ-рибаялъул г1амалги босун,
Бегьилищ хьвадизе мунагьал гьарун?
***
Цере квералги ккун радал ва къасе,
Дуг1адулъ гьарула рак1 унтун дица.
Рагъалъе ахир лъе,питна кьижун те,
Кьалул байдабазда т1угьдул раккизе.
***
Хайир гьеч1ел х1аязде х1асрат бижани,
Бот1рол х1алт1и хола,пайда щоларо.
Халатал къасдазда къоял т1амуни,
Т1абиг1ат хисула,г1умру кьог1лъула.
***
Г1узраби г1емераб г1асру решт1ана,
Г1адамил лъимералъ г1амал хисана.
Г1акълу къуватавлъун вижарав инсан,
Г1умру хвезабизе нухал ц1ехолев.
***
Г1урул чвахи г1адин г1умруги уна,
Г1адан кант1уларо щиб бицаниги.
Г1иц1го лъик1ал ишал хут1ула нахъе,
Г1ураб ваг1за буго бич1ч1и бугесе.
***
Т1абиг1ат ц1унизе нилъ рег1ич1они,
Рах1ат хвараб г1умру бук1ина нилъер.
Балеб ц1ад къот1ила,рохьал лъуг1ила,
Ракъи-къеч бихьила,къисмат бигъила.
***
Намус-ях1 билараб къавмал рижараб,
Руго гьаб ракьалда г1емер улкаби.
Г1адан х1акъир гьави ирсалъе щварал,
Щайт1абазул т1еллъун жалго рик1к1унел.
***
Араб заман нахъе бусунеб ани,
Анищазул мурад т1убалаандай?
Т1аса араб г1умру г1арац кьуниги,
Нилъехъе щоларин,инагьдулел щай?
***
Нилъеда т1адал жал г1емерал руго,
Т1уралищха жакъа г1емерисел гьел?
Гьаб бач1араб заман-бич1ч1и зах1матаб,
Зобалъе,ракьалъе рах1ат толареб!
***
Те,гьудул квешлъаби,гьарула дуда,
Дуе гьелъул пайда бук1унаро,вац!
Лъик1алъе нигат ккун,нажасабги тун,
Бичасул нухдасан даимго хьваде!
***
Г1ундузда раг1араб рак1алъ квеч1они,
Кинаб пайда гьелъул нилъее бугеб?
Г1амалалъе хиси сунца гьабилеб,
Г1инкълъи къуватаблъун нилъер лъугьани?
Къуркьи гьеч1еб буго инсанасул рак1,
Рияъ т1алаб гьабун даим бук1унеб.
Диналъе къуват кьей къадараб буго,
Къвариг1ел гьеч1еб жо цебесеб бук1ун.
***
Г1арац-меседалде бук1унеб гъира,
Рек1ел иманалде бусунеб ани.
Машк1идал ц1елаан ц1ерг1адин нилъер,
Жамаг1ат буц1араб щвелаан кири.
***
Г1олохъанлъи нилъер нахъ бусунаро,
Г1умру бечед гьабе сахал ишаца.
Сахлъиги лъуг1ула херлъи решт1индал,
Халатал хьулазда г1умру бичаге.
***
Дудаго гъорлъ бугеб жагьиллъи бич1ч1и,
Бит1араб г1умрудал г1ебеде раг1ел.
Г1акълуялъ борцунеб къуват бугесе,
Бичасул садакъа къойилаб буго.
***
Жинда малъараб жо мекъе гьабулев,
Мунагьаз сахлъилин рак1алде ккоге.
К1удияз малъараб г1адахъги босун,
Г1амал къач1аялъе къебелъи г1уц1е.
Свидетельство о публикации №223010401595