Х1урал анищал

Цо пуланав г1адан г1арац бихьидал,
Г1едег1ана гьелъул гьудуллъи кквезе.
Кинан щвананиги бат1алъи лъач1о,
Бикъараб къавуде даим барччана.

Биржаби рагьана,рукъ-бак1 къач1ана,
Базаралда чанго рук1ел гьабуна.
Рах1атаб г1умрудал тахида ч1ч1ана,
Маг1ишаталъ рек1елъ пахру бекьана.

Бук1араб г1аданлъи х1урлъун т1аг1ана,
Диналъе к1арчамлъи г1амалалъ ккуна.
Какилъ,к1алалъулъги жагъаллъи ккана,
Жагьилал пикрабаз бет1ер сверана.

Закаг1ат-сах1алъе к1арчамлъи х1ана,
Х1алал-х1арамалъул ургъелго тана.
Тохлъуке унтуца гьоболлъи гьабун,
Гьасул анищазде т1аде ц1ам щвана.

Шагьи-параялъул къуват лъуг1ана,
Къойилго дараби росизе ккана.
Кумек гьезул щвеч1о,щакърахана гьав,
Къуват чорхол лъуг1ун г1одизе вана.

Г1арцул нахърателги,тахил къуватги,
Къиматго гьеч1еллъун гьанже лъугьана.
Гьанже г1умру бич1ч1ун,бет1ерги кант1ун,
Бичасде гьардезе таваккал лъуна.

Бечелъи киназго т1ала гьабула,
Т1ад лъураб фарзалъе к1арчамлъиги х1ан.
Х1ал ккараб къояца кумек щолареб,
Бугебг1ан г1емераб-г1узрабазул хан.

Хиялаз гуккизе воре рук1унге,
Хадуб бук1унеб жо лъазе к1оларо.
Лъик1алъе нигат ккве,нафс квегъизе лъай,
Гъалат1аз куцалин г1акълу камилал.


Рецензии